Къункърабазул зиярат

Къункърабазул т1елалъ т1авап гьабуна,
Т1адмаг1арухъ бугеб Ц1ада росдада.
Расулин,Расулин гьаркьахунаго,
Гьез пашманаб х1алалъ х1ухьел угьана.

Х1инкъана къункъраби къварилъи бич1ч1ун,
Х1амзатил Расулил раг1ич1о х1ухьел.
Хьваг1ана свакарал куркьбал х1анч1аца,
Киве гьев аравин, гьабуна калам.

Гьезул ургъел бич1ч1ун росуцояца,
Абуна х1анч1азда х1ерен,недегьго.
Расул къадарги щун къаникье анин,
Нужер зияратги къабул гьабунин.

Гьел цойги нухалда гьаркьалги гьарун,
Ругьунаб нухдасан рик1к1ад роржана.
Расул,Расулилан ах1иги гьабун,
Бакъбаккул рахъалде муг1рул тун ана.

Дур къункъраби,Расул къуватал руго,
Къимат кинацаго гьезул гьабула.
«Гьезул т1елалда гъорлъ цо бак1 бихьула,
Мун вач1ине гьаниб къач1араб гурищ?»

Гьединаб пикругун рач1арал х1анч1аз,
Расул ватич1ого пашманлъи ккуна.
Ниж щибаб соналда гьесухъе щвелин,
Гьедана къункъраби къо-мех лъик1 гьабун.

Къуватав Расулил рек1ел пикраби,
Нусго сон аниги нижгун рук1ина.
Нижер зигараги заман аниги,
Аманат гьабула,гьесда бицеян.

Къо щвана борхатаб хъах1илаб зодихъ,
Хъах1аб къункъра лъугьун шаг1ир вихьана.
Гьес ах1улеб буго ч1аго ругезда,
Ясберлъун ц1унеян Дагъистанилан.

Дун божарав вуго байрам къояца,
Къункърабазул т1авап бихьилин абун.
Расул,дур къимат лъан къункърабазул т1ел,
Боржине бичан те нус-нус сонаца!
2023 сон


Рецензии