Васасде хит1аб

Инсуца васасе ваг1за гьабуна:
Воре дуца къадру къойилго ц1уне,
Къвариг1ел гьеч1еб жо жамаг1аталъе,
Гьабизе къасд лъоге,къимат холебин.

Къват1ул гьудулзаби гьуин гьаруни,
Гьардухъанлъиялъул к1ич1икье кколев.
Какие хилиплъи дуца биччаге,
Бичасул арканал камилго т1урай.

Кумек х1ажатасе х1алае ворта,
Х1ал хъубал пишаби хъаме рек1елъа.
Хъант1иялъе нухал воре ц1ехоге,
Вац1адав вук1ине х1аракат бахъе.

Басрияб рат1лида воре ч1ух1уге,
Ч1аг1дал-г1аракъидул т1аг1ам ц1ехоге.
Т1ад лъураб фарзалъе к1арчамлъи х1аге,
Х1асад дуца ккуни-х1акъирлъи щолеб.

Х1илла-макруялъе нухал рищуге,
Росдаца мугъ рехун хут1изе гурин.
Рукъалъул ургъел тун саяхъ вук1унге,
К1иго раг1иги кьун г1адан гуккуге.

Г1адан ват1а гьавун воре хьвадуге,
Гьеб къадарлъи буго,пасикълъи буго.
Къарасде вортуге,Ват1ан бичуге,
Чияр рикъзи воре т1алаб гьабуге.

Т1убазе к1олареб т1аде босуге,
Бугьтан-гъибаталъул гьудуллъи ккоге.
Бац1адаб-х1алалаб даимго кванай,
Дунялалъул рокъов вац1ад вук1ине.

Воре г1арац-месед г1акълугун цадахъ,
Г1орхъи ч1вараб х1алалъ х1алт1изе гьабе.
Рукъ мискин бугилан пашманлъи ккоге,
Х1алхъублъи гьездалъун лъугьуна рек1елъ.

Киналго х1ал рекъон къват1ире кьурал,
Куч1ал мисалазул сиях1 буго гьаб.
Санаг1атаб бище,берцинго ургъе,
Беццавги кант1улеб бугин гьаб ваг1за.
2002 сон


Рецензии