Ват1аналъул гьава, гьелъул бац1алъи

Ват1аналъул гьава,гьелъул бац1алъи,
Гьелъулъ гурищ нилъер гьайбатлъи бугеб.
Гьелъ гурищ нилъее къуват-жан кьолеб,
Къо ккараб мехалда кумек гьабулеб?

Гьениб гурищ нилъер лъимерлъи унеб,
Лъаразул,г1оразул зигарди лъалеб.
Зобалъул,ракьалъул,рокьул ва кьалул,
Кьог1абгин,гьуинаб г1емер раг1улеб.

Г1агарай эбелалъ бец1аб сардида,
Баракатаб кини к1ибик1улаго,
К1удиял умумуз ирсалъе тараб,
Ах1ана х1асратаб ват1аналъул кеч1.

Васигат гьабула дица,Дагъистан,
Дирго лъималазе,лъале-хъвалезе.
Лъай нужода даим,к1очене тоге,
К1иго Ват1ан бищун яшав гьабуге.

Ват1ан хисарасул хиянат лълъуна,
Халкъалъул берзукьа рик1к1аде уна.
Рек1елъ г1агараб ракь,вижараб т1алъи,
Т1адеги щулаго щавкъалда ц1уне!
2000 сон


Рецензии