***
Лъаялде к1вар кьуни,к1вах1 рехун тани,
К1удияз малъараб г1адахъ босани,
«Г1умруялъул дарсал» г1емер ц1алани.
Адабалъул гъот1окь т1аг1ам кванарав,
Т1абиг1ат берцинав муъминчи ккола.
Куфруялъул хуриб г1амал бекьарав,
Г1ибадат к1очарав мунафикъ ккола.
К1игьумерчилъи х1азе,х1алхъублъи лъазе,
Х1алихьатаз зазил рекьула хурзал.
Рокьукълъи бихьизе,илбис ч1ух1изе,
Ч1арач1ел рак1алгун рук1уна росулъ.
Заман ананиги аб г1асруялъул,
Г1узраби лъуг1ич1о,г1амал хисич1о.
Г1айиб лъида бугеб,лъица бицинеб?
Г1арцул звархиялъукь раг1уларо гьеб…
Свидетельство о публикации №223021101517