Херлъиларин абун рак1алде ккоге
Г1умруялъул свери загьир гьабулеб.
Бот1родаги расал мигьлъулел руго,
Мех щун батиларищ дийги херлъизе.
Хиялаз-анищаз хиси лъунарел,
Лъик1аланго руго нилъеда гьоркьор.
Нилъеда гьикъунищ къулулеб г1умру,
Г1олохъанлъи хисун хадуб бач1унеб?
Гьале цаби-г1усал цо-цо ккун гъвана,
Каранзул х1алценалъ х1ухьел дагьлъана.
Х1алт1уе кверазул тирилъи хвана,
Кодоб г1ансаялъул т1варкъи бахъана.
Т1огьолаб г1умруги къо-мех лъик1илан,
Нак1к1укье бакъ г1адин берзукьа ана.
Бит1араб бицунин кант1и гьеч1еца,
Гьаб дица хъваралда ч1имхал реч1ч1ана.
Х1акълъун абунани,г1умруги-хвелги,
Г1адамасе буго-щаклъи гьеч1еб жо.
Щукруялда хьваде,тохго вук1унге,
Херлъиларин абун рак1алде ккоге…
1997 сон
Свидетельство о публикации №223021101521