Цо-цо мехалъ пикрабаз толаро рах1ат
Ч1ар буго г1умрудай рах1ат толареб.
***
Такъсир г1емер гьаби-г1амал мукъсанлъи,
Г1асруялъул унти,ургъел ва балагь.
***
Гурх1ел-рах1муялъе каваби къараб,
Къоло цоабилеб бач1ана г1асру.
***
Балъго г1одулезул зигарди,угьди,
Залимазул кверщел т1аса босеян.
***
Г1арцуца ццулъиялъ цо-цо г1адамал,
Г1аданлъиги билун г1умруялъ тола.
***
Цоцаде рогьрал разе ругьун гьаруге лъимал,
Гьелъул пайда щварав чи ватулищан хал гьабе.
***
Цого Каг1ба,цого как-киназего г1ахьалаб,
Хаслъи ц1ехезе бокьи Бет1ергьанас кьурабищ?
***
Къоц1ул гьеданиги гьумер хисич1ев,
Гьанжег1аги хисе гьет1араб г1амал.
***
Т1ола,гьекъола,гьаглъула,гьалаглъула.
***
Тарбия кьеялъе заман г1оларел,
Г1емер руго улбул киса-кирего.
Г1амал камил гьаби,калам пасих1лъи,
Кири мукъсанлъулел пишалъун толел.
***
Ях1-намус т1аг1араб,т1абиг1ат хъубаб,
Т1аде щвараб г1асру г1азаб-зулмугун.
Г1арцул унти щвеялъ щокълъи ц1ик1к1араб,
Къурбанал г1емераб,г1умру учузаб.
***
Г1агараб Дагъистан-диналъул сангар,
Дунялго машгьураб г1алимазул ракь.
Г1идра т1огьол ц1урал муг1рул,сагаби,
Сахаватлъи т1ок1аб бокьула дие!
***
Зарул къуваталъул къимат т1ок1алги,
Гьанжесеб г1умрудалъ г1емерал руго.
Г1акълуялъул т1ок1лъи къуватлъун тарал,
Г1ад-хоч1 гьарун руго г1арац т1ок1аца.
***
Зах1мат бихьич1ого рах1ат бокьарас,
Бичун босе диплом долларалги кьун.
Даран бит1иялъе дуг1аги гьабе,
Дурго г1умруялъе «машгьурлъи» щвезе.
***
Лъималаз бикъараб къавуде бач1ин,
Бихьич1еб хвел гьаби бит1араб бугищ?
Бикъун щвараб бичун щварал гъурщаца,
Рукъалъе хвасарлъи хассаб кьолебищ?
***
Рек1ел тавбуялъул къуват хванани,
Хайир гьеч1еб лълъуна г1умрудал маг1на.
Г1амал лъик1лъич1они мунагьазде нух,
Гьарзаяб лъугьуна-божа гьелда мун.
***
Г1арцул къуват буго цадахъ х1иллагун,
Х1арамаб нухдасан даим хьвадулеб.
Хьуц1ил т1ину буго бач1араб заман,
Беццал г1емерлъиялъ,г1акълу лъуг1иналъ.
***
Ресукълъи бихьараз калам гьабула,
Кидаго г1орц1уда рук1анин абун.
Рокъоб бог1ол къат1ра кваназе щвеч1ел,
Щиб жо гьеб ракъиян калам гьабулел…
***
Рек1еда к1ал гьеч1о,к1алъаларо гьеб,
К1ола гьелда гурх1ел загьир гьабизе.
Гьанжесел к1алаца к1иг1аркьелаб мац1,
Рак1ал лъукъиялъе х1алт1изарула.
1993 сон
Свидетельство о публикации №223021200927