Х1ажатаб калам

Абураб раг1уца г1умруги бух1ун,
Аллагьасда цеве кинан ч1елев мун?
Ажру гьелъухъ кьолеб къаг1ида гьеч1ин,
Авал буц1инабун бицун те раг1и.

Бугьтан-гъибаталъул зарал лъалеца,
Бицунаро калам каки гъорлъ бугеб.
Бокьун мунагь гьаби-гьалаглъи буго,
Берцинаб г1амал ккун г1адамалъ вук1а.

Вараг1 гъорлъ гьеч1они гьабулеб пиша,
Валлагьги камилаб бук1ине гьеч1о.
Вас-васалъ диналъулъ даим хут1ани,
Василат камилаб бук1инаро дур.

Гаргар г1емералъуб-г1акълу мукъсанаб,
Гуребщинаб бицун хабар ц1алк1унге.
Гизма х1ан,жа гьекъон росулъ хьвадани,
Гарц1ил г1амал ккураб бук1ина г1умру.

Гьабизе к1олареб т1аде босуге,
Гьелъул пайда гьеч1о,зарал гурони.
Гьумер дур бух1улел х1аял г1уц1уге,
Гьалаглъиги решт1ун шапун кколевин.

Гъарим-мискинасе х1алае ворта,
Гъарачилъиги х1ан чабхъад вахъунге.
Гъалат1ал ц1ик1к1ани ц1ар г1одоб ккола,
Гъот1ой къимат кьолин пихъихъ балагьун.

Г1елму камиллъизе таваккал т1аме,
Г1амал берцинлъизе рит1ухълъи ц1ехе.
Г1адамал ралъаргъун ч1ух1ун хьвадуге,
Г1акъилас бицулеб раг1ухъ г1енекке.

Дир-дуралги гьарун т1ок1лъи ц1ехоге,
Диналъ гьеб какула квешаб г1амалин.
Дуй кумек щолареб нахърател ц1ехон,
Дунялалда хьвадун бергьунаро мун.

Жагъалаб кьуч1 т1амун мина банани,
Жаниб г1умру т1ами-бук1унареб жо.
Жах1да-х1усудалъул х1аял г1уц1ани,
Жужах1 х1акълъулеблъи к1очене тоге.

Зулму чидай гьаби-ах1макълъи буго,
Заман басра гьаби-г1акълу мукъсанлъи.
Заг1ипав валъаргъи-живго т1ок1 вихьи,
Заруца рит1ухълъи лъийго кьоларо.

Исламалъул малъа-хъвай къойилго т1убай,
Иман камиллъиялъе камилаб х1ужа буго.
Ирсилал даг1бадулеб маг1ишат нахъе тоге,
Илбис гьоркьобе лъугьун питнаялде сверулеб.

Какил адабги ц1унун,камилаб г1амалалда ч1ч1а,
Квешлъаби гьарулезул гьудуллъи дуца ккоге.
Кумек гьарун вач1арав рази гьавун т1овит1е,
Кириги камилаб щун Бичас к1одо гьавулев.

Къасдазул ахал гъуни гъаримлъи щола,
Къоязда барахщун г1уц1е маг1ишат.
Къилба к1очаразул гьудуллъи ккоге,
Къолебин дур талих1,х1акълъунго божа.

Кьеч1еб дунялалда даг1ба бан ч1оге,
Кьуч1 камилаб т1аме, бисмиллагь бахъун.
Кьерилал бахилаб балагье г1амал,
Кьуралда г1ей гьабун щукруялда ч1ч1а.

Лъик1аб г1амал ккурав-г1акълу камилав,
Лъай т1алаб гьабулев-хайир ц1ехолев.
Лъуг1и гьеч1еб даг1ба г1адамалъ х1алев,
Лъаг1ел халалъухъе питна бекьулев.

Маратибал т1ок1лъун г1умру гьабуни,
Муршид камиллъула,баракат щола.
Макру-х1иллаялъул х1аял г1уц1ани,
Мах1шаралда дуе хвасарлъи гьеч1о.

Ният бац1адаб ккун какилъе лъвани,
Нуралъ къалъ-къалъараб бук1ина иман.
Насих1атаб калам рек1елъ биччани,
Насаб разияблъун лъугьина г1умру.

Пахрулъи ц1ик1к1ани инсанасул т1абг1,
Пайда гьеч1еб лълъуна-божа гьелда мун.
Палихъанги ц1ехон х1укму къот1ани,
Палх1асил,бух1ула т1олго дур г1амал.

Рияъ т1алаб гьабун гьавудуге мун,
Рухса гьеч1о гьелъий исламалъ кьураб.
Рек1елъ х1асадги ккун г1ибадат гьаби,
Росдаца какулеб калима буго.

Сабру иманалъул т1ок1аб бугони,
Сах1их1аб бук1уна рек1ел г1ибадат.
Сужда заг1иплъани бараб какилги,
Сагьвиллъи лъугьуна-гьеб х1акъаб буго.

Тавбу г1емер гьаби нахъ т1амун тоге,
Такбиралъул адаб кидаго гьабе.
Тажвидалда Къуръан къойилго ц1але,
Талих1аб г1умрудал даража щвезе.

Т1адег1анав Бичас кумекги гьабун,
Т1абиб лъик1ав щвани сахлъула г1умру.
Т1ад гьарурал фарзал камил т1урани,
Т1абиг1ат лъик1лъула т1арикъ бит1ани.

Устарас т1адкъараб мух1кан гьабуни,
Ужра гьелъухъ дуе камилаб щола.
Ургъелазе г1умру г1уц1изе лъвани,
Умиятаз г1амал заг1ип гьабула.

Хайир гьеч1еб калам г1емер гьабуге,
Халикъ разиявлъун вук1ине къеркье.
Хутмаялде к1вар кье рек1елъе биччан,
Хилапалъул асар г1амалалъ ккоге.

Х1алхъублъи рек1елъа нахъе хъамуни,
Х1акъаб къуват щвела дур г1амалалъе.
Х1алалабги ц1ехон,х1арам танани,
Х1инкъи гьеч1еб г1умру даим бук1ина.

Хъизан-лъималазулъ х1ал рекъон вук1а,
Хъач1лъиялъ лъиего хайир кьоларин.
Хъулухъ т1алаб гьабун т1ок1лъи ц1ехоге,
Хъубаб даража щун,къимат холебин.

Ццидае бокьараб воре гьабуге,
Цогидазда цеве басралъулевин.
Царал г1амал босун г1адамалъ ч1оге,
Цадахъ хьвадулезе мисаллъун вук1а.

Ц1алул къимат гьабе,гьавудизе лъай,
Ц1ар гьелъ борхулебин халкъалда гьоркьоб.
Ц1акъавилан абун керен бухуге,
Ц1адирабаз дармилъ дуруслъи гьабе.

Чидай зарал гьабун кири щоларо,
Чагъир гьекъонилан къадру лъунаро.
Чадил адаб тоге-талих1 къолебин,
Чанги х1ал бихьарал мисалал ругин.

Ч1ух1и-инсан ч1валеб х1акъикъат буго,
Ч1ах1иязул адаб кидаго гьабе.
Ч1амуч1ал харбазда г1умруги т1амун,
Ч1оге мун г1адада,г1акълу батани.

Шарг1алъул х1укмаби камилго т1урай,
Щукру Аллагьасе къойилго гьабе.
Шавкат дуе гьелъул гучаб бук1ина,
Щаклъуге,мун гьудул, малъа-хъваязда.

Щибаб х1арфги рехсон г1уц1араб калам,
Щибасе хайираб давлалъун ч1ела.
Щив чи вугониги квер хьваг1ун тоге,
Щулияб калам бугин, камилго ц1але!


                2022 сон


Рецензии