Шаг1ирзабазде

Инхоса Г1алих1ажиясде
Ургъалилъе ккарав Г1алих1ажияв,
Щвараб г1умру анищ дуда бихьизе.
Дур «Ахир замана» иман заг1ипаз,
Загьрудал лъимги т1ун лъалъалеб буго.

 Хъах1аб росулъа Мах1мудиде
Мах1муд,дур рокьул ц1а цебего свана,
Свераби г1емераб г1умру решт1индал.
Г1ищкъу гьеч1о жакъа гъаримал рак1алъ,
Гъурщал рокьиялде сверана г1асру.

Ц1адаса Х1амзатиде
«Г1умруялъул дарсал»,Ц1адаса Х1амзат,
Ц1алулев чи гьеч1о гьанже г1умрудалъ.
Г1акълу х1ажат гьеч1ез,г1арцуца ч1вараз,
Г1ад-хоч1 гьабун буго,бицинесеб щиб?

Ражаб Динмух1амадовасде
Ражаб,жакъасеб къо къваридго буго,
Рек1ел адабият т1убан лъуг1идал.
«Т1улакьераб борохь» кинан ц1алилеб,
Борхьил г1амал ккураб г1асру решт1индал?

Хурщилов Мух1амадиде
Мух1амад Хуршилов,хисана г1умру,
«Г1андалал» ц1ализе рег1улев гьеч1о.
Г1акълу гъорлъ бессарал т1олго асарал,
Т1уранго т1аг1ана-г1айибияв щив?

Г1абдулмажид Хачаловасде
Хвараб г1аданлъигун,лъуг1араб адаб,
Г1абдулмажид жакъа г1емерлъун буго.
Г1умру ц1алк1ун хъварал дур рек1ел мухъал,
Ц1алулев чи гьеч1о,гьабилесеб щиб?

Загьид Х1ажиевасде
Загьид,дур сатира,соназул угьди,
Улкаялда жакъа раг1улеб гьеч1о.
Гьанжесеб замана жагьилал бут1руз,
Бат1ияб нухдасан рег1улеб бугин.

Расул Х1амзатовасде
Расул,мун камидал г1агараб т1алъи,
Бесдаллъун хут1араб лъимерлъун буго.
Рецц-бакъ гьабун  дуда аск1ор рук1араз,
Гьанже дур асарал какулел руго.

Г1абасил Мах1амадиде
Г1абасил Мах1амад-г1акълудал ралъад,
Рек1ел г1ищкъуялъул къуватав инсан.
Къваридаб ургъалилъ бугеб Дагъистан,
Дур асар ц1алидал гьимула дие.

Муса Мух1амадовасде
Дур «Къисас» ц1аларал кант1улел гьеч1о,
Камилаб имангун г1умру гьабизе.
Г1акълу камиллъизе хъварал асарал,
Квер хьваг1ун тун руго гьанжесеб г1елалъ.

Г1абас Щейховасде
Г1абас,дур шиг1раби щибаб рукъалъе,
Баг1ар бакъул ч1орлъун рук1ана даим.
Амма рагьде щвараб гьанжесеб заман,
Бакъул ургъел гьеч1еб хаселин ккола.

Х1ажи Гъазимирзоевасде
Х1ажи,Бакьагьеч1иб бицен щиб бугеб,
Шиг1раби ц1алулев чиго вугевищ?
«Чундузул сухъмахъал» мех бахъунилан,
Хисунцин гьеч1елищ,хабар ккезабе.

Г1умарх1ажи Шахтамановасде
Г1умарх1ажи,гьанже изну кье дие,
«Дур лъак1да хадуб» т1ехь кодоб босизе.
Камилаб,маг1наяб,г1умру ц1алк1араб,
Ратана шиг1раби,баркала дуе.

Г1абдула Дагановасде
Адабият ц1унун къаралазул вас,
Сордо-къо гьеч1ого х1алт1ана даим.
«Гьудуллъи» алманах гьанже,Г1абдула,
Г1арцуе чан къараз ц1алулеб гьеч1о.

2013 сон


Рецензии