Лъабго эбел

Лъабго эбел йиго рагьда г1одор ч1ун,
Лъабалъулго буго г1умрудал балагь.
Бераз маг1уги т1ун бицана цоялъ,
Рек1елъ ругъун лъолеб пашманаб хабар…

Хабалъ лъезе щвеч1о цох1о вугев вас,
Вугеб бак1 лъаларо рагъде арав гьев.
Ват1ан ц1унулаго хвараванани,
Хасаб сабру гьабун йик1инаан дун…

Гьале цойгидалъул цох1о вугев вас,
Вах1щияб унтуца даим к1век1улев.
Г1агарай эбелцин лъаларо гьесда,
Гьагаб унти буго бот1рода бигъун.

Гьанже лъабабилелъ буго бицунеб,
Лъик1аб г1акълу бугин жиндирасе кьун.
Кьог1аб г1умру буго гьес т1аса бищун,
Г1олохъанлъи гьесул туснахъахъ ана…

Гьал г1одор к1усараб рагьда цебесан,
Цо г1олилай ана кодоб лъимергун.
Гьей г1едег1ун йиго…Гьикъе –киеян?
Гьаз щурулеб буго гьей т1ерхьинег1ан:
«Гьалъул лъимер дуца ц1уне Аллагьан»…
                1983 сон


Рецензии