Рек1ел бух1и гьеч1еб гьанжесеб заман
Г1адатияб мисал загьир гьабизе,
Гьаб гьит1инаб кеч1алъ бокьун буго дий.
Бич1ч1улев божила,жагьил велъила.
Цо г1олил васасда рак1алде ккана,
Кванил ниг1матазул тукаде ине.
Кенч1олел хьиталгун,рази-ракиго,
Рогьалилъ гьале гьав гьениве щвана.
Раг1ал бихьулареб иргадул чит1ир,
Чакаралда хадуб тукаде буго.
Кисаниса бахъун баг1араб книжка,
Бихьана г1олилас сабурго,нечон.
Иргаялда ч1ч1араз ч1ух1араб к1алъай,
Рак1 лъукъун гьесдехун загьир гьабуна.
Нахъег1анлъи щибан щур-щур г1уц1ана,
Нахъе хъамейилан хъудизе лъвана.
Лъилдай гьас книжка бикъарабилан,
Баг1араб куцалъул г1адан к1алъана.
Г1ажизав чиясул сипатги гьабун,
Вихьулищ тукаде хъурумсахъ щварав.
Щибизедай асий чакар х1ажатаб,
Самогон бахъизе бокьун батила.
Кьурун вуссая цо,ирга щварабго,
Дуего х1ажатаб т1алаб гьабизе!
Т1урт1удилел квераз книжка г1олилас,
Кисаниб бахчана,иргадулъ ч1ч1ана.
Рек1елаб ццидаца гьурмал кьер т1урав,
Т1инав г1олил васас щибго абич1о.
Вах1щияб квачалъул ургъел гьабич1о,
Х1ат1ал ц1оролилан ургъел бук1инч1о.
Х1ажатаб босизе лъалхъана гьенив,
Лъабго саг1аталъул заман аниги.
Афгъаналда вук1ун г1ажизлъарав гьав,
Г1умрудул пикрабалъ тукада цеве.
Кенч1олел туфлаби рихьун гурони,
Рихьилищ протезал т1аждакь рахчарал?
Рек1ел гурх1ел гьеч1еб гьанжесеб заман,
Загьрудал къуваталъ къадру лъуг1араб.
Къисмат биларазул,сакъат ккаразул,
Щибго ургъел гьеч1еб цо-цоязул рак1…
1990 сон
Свидетельство о публикации №223021400274