Т1ерхьана цойги сон

Т1ерхьана цойги сон,свана цойги ц1ва,
Сардил бащалъуда ах1дана саг1ат.
Араб г1асруялъул ахирисеб х1ок1,
Х1инцал галабаца борцун рехана.

Бет1ер-пикрабазул карачелабаз,
Ралъдалъ гама г1адин гьелчезабуна.
Рек1ел ургъелазги гъаримаб чорхолъ,
Чанги анищазул х1енех1 бакана.

Щиб калам гьабилеб,сундул бицинеб,
Сун анин г1умрудал дурусаб лах1зат.
Дунялалъул рокъор къварилъарал нилъ,
Къадаралда рази рук1унарел щай?

Рек1к1аб г1умруялъул г1едерал лъалк1ал,
Г1асруялъул нухда г1емераз тола.
Г1акълу бугониги ах1макъал ишал,
Г1адамил лъимералъ х1асрат гьарула.

Х1илла-рек1к1,рак1 квешлъи кодоб байрахъгун,
Щибаб соналъ нилъехъ цадахъ рач1уна.
Намус-ях1 бортараз,чилъи бичараз,
Чороклъи кибего цадахъ бач1уна.

Бач1араб соналъул тарихалда гъорлъ,
Биччанте бук1ине баракат,рах1ат.
Басрияб соналъул т1олго г1узраби,
Т1аса росун аги Аллагьас нилъер.

Аралда рак1 бух1ун воре рук1унге,
Гьеб нахъ бусунаро,кодоб щоларо.
Кидаго нужеца г1умрудал нигат,
Г1аданлъи ц1унулеб роценалъул ккве!
1999 сон


Рецензии