Гьари

                Гьари
Диналъе къуват кьеги
Къуватаб сабру кьеги,
Сог1лъи чорхолъа аги
Чиякълъи бихьугеги.

Баракат г1емерлъаги
Г1арац х1алалаб щваги,
Х1алт1уда квер рек1аги
Рукъалъ рит1ун хут1аги.

Рагъул хабар къот1аги
Хиянат т1аса аги,
Т1ирун ч1ч1арал кант1аги
Ч1ух1и х1урлъун т1аг1аги.

Рек1елъ иман ц1ик1аги
Ц1алул х1асил лъик1лъаги,
Х1илла-рек1к1 рик1к1алъаги
Лъимал г1акъилал лъваги.

Лъик1ал харбал раг1аги
Хурзал т1ощалил ц1еги,
Ц1адал балагь лъагеги
Бугелда баркат лъеги.

Бикъа-хъами лъуг1аги
Г1адлу кибго рещт1аги,
Рищватчилъи дагьлъаги
Даг1ба-раг1и лъуг1аги.

Лъарал-лъимал ц1ик1к1аги
Ц1адал гьарзаял раги,
Гурх1ел-рах1му т1ок1лъаги
Т1екълъи т1убан лъуг1аги.

Беццазе канлъи кьеги
Квешазе г1акълу кьеги,
Г1инкъазе раг1и кьеги
Рак1азе гурх1ел кьеги.

Ракъаразе ниг1мат кьеги
Нухлулазе икъбал кьеги,
Къосаразе рит1и кьеги
Кьалда ругел рекъаги.

Рукъ биххарал цолъаги
Ццидалазе рах1му кьеги,
Кьуч1ч1аб хабар раг1аги
Рак1ал даим рохаги.

Хваразе алжан кьеги
Рак1азе иман кьеги,
Исламалъе къуват кьеги,
Къадру бугел лъик1 таги.

Гьаранщинаб къабуллъаги
Рак1 гъанц1улеб рик1к1алъаги,
Гъунки росдае кьеги
Дир хириял, маг1арулал!

Амин,Аллагь,Амин!


Рецензии