Нахъа тана цойги г1асрудал т1амач
Т1адагьаб гьурилъун нилъехъе щвана.
Нахъа тана цойги г1асрудал т1амач,
Т1ок1алъ нахъ бусине нигат кколареб.
Киналго г1узраби,рек1ел пикраби,
Рохалил лах1затал,кьеч1ал налъаби,
Кьог1ал бадирч1ваял,ч1амуч1ал харбал,
Хут1ана рик1к1ада-русунаро гьел.
Гьаб бач1унеб соналъ лъик1аб гьоболлъи,
Гьабилин хьул буго-божула гьелда.
Гьереси гъорлъ гьеч1еб,гъалмагъир дагьаб,
Батаги нилъее бач1араб гьобол!
Бичанте ургъелал,улкадул унти,
Нагагьал балагьал,билараб адаб,
Бокьулареб раг1и,рагъулаб угьди,
Бач1араб соналда бихьунгурт1изе.
Бокьилаан дие т1аде щвараб сон,
Т1убан баракатаб батизе нилъей.
Т1олгоязе талих1,сахлъи ва рохел,
Г1умруялъе икъбал,къуват ва рах1ат.
Гьарула гьаб соналъ гьарзаяб бач1ин,
Гьудуллъигун-вацлъи ват1анцоязе.
Ццим бахъин,рак1хъублъи к1варич1о нилъей,
Рек1ее бокьухъе таги Аллагьас.
Свидетельство о публикации №225010500881