Ч1ух1и къезабе
Г1арз бахъизе бокьун инсухъе щвана:
«Дир,хирияв эмен! Г1инт1аме цо дихъ,
Г1азаб буго дие росасда йик1ин».
Рек1ел бакъвай гуреб щибго жо гьеч1о,
Гьадинаб г1умругун дун гьесда тоге!
Дида цойгидазул г1умру бихьула,
Маг1ица чурула дицани берал.
Лъадул адаб бугел,баракат бугел,
Бахилаб маг1ишат цадахъ гьабулел,
Бокьанаг1ан руго ралагье росулъ,
Ригьнада йик1унин рак1 бакъвай сундуй?
Сабру гьабун эмен гьелда к1алъана,
Гьелъул раг1и борцун калам гьабуна.
Кидаго г1акъилав,г1умру бич1ч1улев,
Г1адан гьев вук1ана т1олго росдае.
ГЬев хъач1авищ вугев,х1алихьатавищ,
Х1алт1изе т1ут1авищ,г1акълу дагьавищ,
Г1елму ц1алич1евищ,ч1анк1арав чийищ,
Чияр мал бикъизе хиял лъолевищ?
Лъик1авги,т1ок1авги т1уризавуни,
Т1аде валагьарав лъик1авищ щвелев,
Лъик1лъи х1ехьеч1они,квешлъи х1ехьолин,
Х1ал рекъон йигони рукъ бакъиладай?
Росасул адаб тун яшав гьабуге,
Г1амал рекъеч1ого къадар хъвалареб.
Хъизан какич1ого,ч1ух1и къезабун,
Цоцалъ рекъон рук1а баракат щвезе.
Свидетельство о публикации №225012100931