Талих1ав вук1уна

Талих1ав вук1уна г1умруялда гъорлъ,
Маг1ишат х1алалав,х1алимлъи т1ок1ав.
Талих1ав вук1уна сахлъи бугевги,
Сабруялъул роцен кквезе лъалевги.

Талих1ав вук1уна х1асад кколарев,
Какил арканазе камиллъи кколев.
Талих1ав вук1уна къадру ц1унарав,
Ц1алараб г1елмудал маг1на бич1ч1улев.

Талих1ав вук1уна к1алзул гьуинлъи,
Рек1елъан бач1унев,ч1ух1и лъаларев.
Талих1ав вук1уна дица рехсараб,
Даим г1умруялъул роценлъун ккурав.


Рецензии