Пикрабазул гъаситухъ
Улбуз лъималазе тарбия кьей тасамах1лъиялде бачана,бук1арабниги адабги, дагь-дагьккун жагьиллъиялъул къуват бергьун, х1урлъун т1аг1ана;г1аданлъи-сахаватлъи г1умрудал нухдаса рат1алъун ана;Аллагьасул нух кквей жагъалго, кьаву ч1ван турулеб маххул сипаталда буго.
Сонидаса-сониде дунялалъул рокъоб къисмат к1век1улеб,рак1 гъанц1улеб гъарачилъи х1ай х1асратлъун буго. Х1инкъи сундуе Аллагьас бижараб жояли бат1айиса бич1ч1улеб буго.
Жагьиллъи,лъавукълъи-къуватаб роцадул руго.Гьеч1о г1акъилаб,г1умру берцин гьабулеб нух кквей. Киредай нилъ унел ругел? Гьеб суалалъе жаваб г1иц1го Бет1ергьанасда гурони жаваб кьезе к1олареб буго.
Бидг1аял нухазде рак1 ц1ай лъил къавмалдасан бач1араб,маг1арулал гурилан,маг1арул мац1ги х1ажат гьеч1илан жакъа х1апулел нилъеда гъорлъ гьеч1елищ?
Пикру гьабеха,диналъул вацал,нилъеца нилъеего гьабулеб зулмуялъул. Сундалъун гьеб загьирлъулебан гьикъизе бегьула цо-цо «ц1одорал» бут1руз.
Нилъерго к1игьумерилаб хиянатлъиялъулаб тарбия кьеялъ,кьибил-тухумал рат1а гьаризе гъира лъеялъ,гъибат-бугьтан г1емерлъиялъ,рагъ-кьал гьарзалъиялъ,гьабулебщинаб рияалда борцун гьабиялъ,гьабураб тавбу балъаргъиялъ,бут1рул ах1макълъиялъ,х1акъаб,бихьизабураб Аллагьасул нухда ч1езе бокьунгурт1иялъ.
Божилъи хун руго,херлъиларилан,хвеларилан г1умру гьабулел руго.
Росдадаго лъала пасикъал,г1адан х1акъир гьави,гьобол валъаргъи,къаси сардилъ гьаг1дезе,гъалмагъирал г1уц1изе гъира лъолел. Лъицаха гьединазда х1акълъунго раг1и абулеб? Ц1акъго дагьаз!
Узухъда,Аллагьасе г1ассилъарал Аллагьас ц1акъ хехго г1одор русинарула,амма гьединал кант1изаризе лъугьин-зазил гъот1ода пихъ бижизабиялда бащалъула. Бичасул арканал камилго т1уралесда к1оларо жиндирго г1амал чороклъулеб нухда хьвадизе,гьев х1инкъула мунагьакьа.
Сундуе нилъее х1ажат бугеб херлъидал гьабулеб дин,садакъа,тавбу,кант1и?
Гьелда т1ад ургъизе заман щун гьеч1одай,улбул? Лъималаз гьабуралъул, гьабулелъул жаваб нужеца Аллагьасда цебе кьезе ккола,Аллагьасда божулеллъун нужго нужецаго рик1к1улел ратани.Гурони, балагь решт1уна,г1асилъабаз к1век1ула,к1удиял бадирч1ваял рихьула гьелъул ургъел таразда.
Лъик1аб гьабизе,квешаб тезе тавфикъ кьеги кидаго Аллагьасе г1оло г1ибадаталда ругезе.
1996 сон
Лъуг1ана г1аданлъиялъул г1асру.Гьеб хисун бач1ана г1арац т1алаб гьаби, талавурчилъи,ц1огь,к1игьумерчилъи х1ай, х1елх1ел, жагьиллъи, х1алихьалъи, ресукълъи,рияъ,риба,рах1атхвей…
Т1ок1аб рик1к1ун пайда гьеч1о. Гьереси бугилан гъорлъан ч1имхал реч1ч1улел камизе гьеч1о.
Г1акълу г1одобе бет1ерги дализабун,къват1ахъе бахъун пайда гьеч1илан. Г1ужий босизе бегьула.
Г1асруялъ ц1ал кьабун эркенлъи макьидаса борч1изабуна.Кибго эркенлъи, г1иц1го к1алзулаб.Абундачазул ралъад гьелчолеб х1укумат; х1алт1улезул къадру хвараб,х1алт1уе ресал г1уц1улареб,ц1ала-къали рогьо-ничлъун рик1к1унеб.Киса-кибего ццидалаб гъулгъуди,гъорлъан ччулулеб рек1ел синкъди,цого бакъназул угьди-зигарди.
Лъалхъизе заман щвеч1одай? Кире нилъ унел ругел? Гьаб кинабго г1умрудал махсародай яги нилъер х1ал бихьизе бач1араб лах1затдай?
Цояр квер-бикъулеб,цойгидаб-босулеб.
Берал кирего реч1ч1улел,раккарулел,рек1к1ал; рек1ел къасд-инжитаб. Инсанас лъавукълъиялда къвал бан буго.
Къват1-къват1цин ижараялъе кьун,ракь х1алт1изабизе рег1арав чиго гьеч1о. Мех щвелалдего т1аде щолел рищаби…
Киналго ресукъал,унтарал.Заманаялъул хисиялъухъ балагьун ч1ун. Кинабго бит1араб,амма…
Жегиги бихьизе жо г1емераб.
Г1едег1уге-ян жаваб гьабулеб дандерижи.
Лъалхъизе заман щвеч1одай нилъее? Кинабго Аллагьасул иш…
1996 сон
Ворч1ана. Берал рагьана. Къирараб нуц1ихъан рукъ къалъизабулеб бакъул ч1ор баккана. Дихъ балагьун гьимана ч1ор.
Къват1ибехун хинаб гьорол сас,гьайбатаб зоб.
Къоял,ц1алулеб т1ехьалъул т1амчал кинниги,ахир ц1ехолел руго. Гьит1инаб ц1унц1ра жиндиего щвараб давлагун,доба-гьаниб реч1ч1ун, рокъобе нух балагьулеб.
Богорокъоб столалда т1ад кьер-кьераб кванил ниг1мат…
Кидагосеб,лъуг1и гьеч1еб даг1ба буго мадугьалихъ. Х1елкал цоцалъ рагъунилан рак1хвараб ах1и-х1ур.Лъезесеб ц1арго щиб? Рак1азулъа х1алимлъи лъуг1унго буго.Г1ат1идаб дунялги хисун,къваридаб дунялалде х1асрат ккун буго цо-цо г1адамазул къавм.
Пикрабазул ц1адалъ ц1валтун виччарав дун,вакъвазе бакъул ч1орал ругелъуве вач1ана. Коч1ол мухъал рач1ана рак1алде: «Нилъер талих1-рохел хисунцин гурищ,Хасалил бак1алда рии щун бугин»…
Гъов,херав,балъголъалаби гьурщулев вук1инч1о.Киналго балъголъалабазде нухазул т1иг1ат гьесие загьираб буго.
Квач1ид бахъун ч1езабизе к1олареб чоца кинниги рик1к1аде хъамуна цойги пикру…
Дун цощинав реччалъцин гуродай вугев? Бет1ер сверарал жал хъвазе бугеб махщел бихьуларищ гьасулан зарал рукъана жагьилас…
1996 сон
Данде векерун вач1унев вуго к1удияб рах1атхвейгун,бихъ-бихъараб рет1елгун мехтарав.Дида аск1ове щведал квач1ид вахъана.Гьесул гьаркьаз мадугьалзабазул гордахъ канлъи свинабуна.
Хучдул г1адал квералги хьваг1езарулаго гьев г1ерг1едизе жувана:
-Дида данде хъет1олев ватани,вач1а бокьарав! Мерхьина,ворлъун рехила, къот1-къот1ун вала,вижараб дуниял к1оченабила!
К1алдиб бараб полпица,ч1варкьун г1анч1ихарал бераца гьев хваразул рух1алда релъинавун вук1ана.
Щибдай гьасие лъугьараб,сунцадай гьав ццидахинавурав? Гьа,бич1ч1ана.Гьудулзабаз валъаргъун,х1аладаса инавун,бет1ер сверизабун, г1емераб ч1алха гъорлъ жубазабураб мехтел гьекъезе т1амун гьалаглъизавун.
Гьудулзаби сих1ирго гьасда хадур ралагьун.Гьасда гьел рихьуларо.
Дида аск1ове щведал гьев агъго,куркьбал свакараб х1инч1 кинниги, лъалхъана. Гьесда дун к1алъач1о,щибго гьикъич1о…
Цинт1аго милициялъул машинаялъул сиренаялъул хъач1аб гьаракь раг1идал,гьев виха-ч1варкьана,т1урк1ана. Сверухъе валагьана.
Балъго гордухъан гьасухъ г1емерал берал ралагьун руго.
«Кинабго хвана»-ян пикруялъул х1енех1 кунч1ана гьесул бот1ролъ.
Хехал галабиги т1амун,т1оцебе билъанхъизе ругьунлъулеб лъимер г1адин,цевехун ине лъугьана мехтарав.
-Ч1а,лъалхъе! Нахъ вуса-ян тохлъукьего гьаракь бахъана.
Пакъир вуг1а-вусун машинаялда жанивги къазавун,берзукьа т1аг1ана.Дол гордухъан ралагьун ч1ч1араз дида нахъисеб къоялъ г1айиб ч1вана.Дие гьеб рек1ее г1еч1о. Дун лъидениги семич1о…
Мехтарав жеги дир ургъалилъ женжелев вуго. Огь, гьалагаб г1амал! Г1аракъи ургьибе ккедал данде ккарал х1инкъизаризе х1асрат кколеб.
Дун гуро гьединазе мехтел босулев.
1996 сон
Киналго кьижун рук1ана. Мискиналги, бечедалги, ах1макъалги, г1акъилалги, хералги,г1олилалги.
Киналго гъваридаб,ригьулареб макьида. Цоял-бохдул данде ц1ан,цойгидал-к1алал гьак1к1ан,хут1аралин абуни-хвалил сипаталда.
Кьижич1ев чи вук1инч1о.Г1иц1го гьоркьо-гьоркьор г1уг1удулел х1елкал. Рик1к1ада рохьоб ах1долеб щвант1…
Сардил бец1лъуда росдал хабалалъ балъгояб кунч1и.Хварасул хабада лъураб паж. Жанив Къуръан ц1алулев.
Х1икматаб сих1къот1и-къват1ибе щибго загьирлъулареб.Кинаб г1умрудай ракьалда гъоркь буго? Аллагьасул иш. Ахирисеб рокъоб абадияб макьида хваразул рух1ал. Г1иц1го Мункар-Накирасул гурони сипат лъаларел…
Рогьалил хъах1лъиялъ г1адамазул гордазда к1ут1ана.Макьу лъуг1ана. Инсан ворч1ана.Паризаяб т1убана. Цо-цоязе к1варго гьеч1о,кьижухъе руго.Г1умру кьижухъего,к1варго гьеч1ого биччалеб буго.Кант1и-киназулго гьудул гуро.Инсан гьелъие х1елуларо,гьелъукьа х1инкъуларо.
Къаникье ккедал т1алаб гьабизе таралъул мунфаг1ат бук1инадай? Г1умруялъе х1ажаталъул пикру бугел хваликьа х1инкъуларо, гьелъие нуг1лъи гьабула нахъе тараб васигаталъ.Жеги чан чи вугев гьелъул агъазги гьеч1ого дуниялалда хадув лъугьун тирулев?
Ц1идасан сордо решт1ана. Г1адамаз добго макьил сипат босана. Ана цойги г1умрудал лах1зат…
1996 сон
Ц1ияб замана бач1ана:рекъдилаго,угьдилаго,ургъелазул гьиралги ц1ун.
Цебе бук1араб къанщана,г1унана,г1умруялъул х1ок1аздасаги бортун,бихьизе щолареб гъварилъуде ана. Гьуинлъи хисун-кьог1лъи бач1ана.
Кьвагьа-г1анхъиялъул г1унсдулъ г1емерав чи къанщана. Бот1рода ланг лъурас кьоч1окьа гамч1алги рахъун хъала бихизабуна. Къват1исел пачалихъал рохана. Х1инкъи ц1ик1к1ана,ц1ук1абазул-багьадурзаби рахъана.Хъулхъал-бут1руздалъун рикьич1о-кисаялъул къуват борцун рикьана. Жагьлуялъул байрахъ борхатго парпадизе лъугьана.Заманаялъ нодо бук1к1инабуна,гъваридго х1ухьел ц1ана…
Гьан-нах,ханжу ц1ан,ц1ияб къайи,къват1-къват1азда базар рагьун бичизе лъугьана. Цебе иргаялда ч1ун босизе кколеб бук1аралъ дунял ц1уна.
Ц1ияб г1арац къот1ана.Къват1исеб пачалихъалъул г1арцуца гьелда жиндирго бак1 бихьизабуна.
Цере квералги ккун гьардезе пачалихъ лъугьиндал,долларалъул ч1аралъ нилъерго г1арцул къадру г1одобе ккезабуна.
Бечедазе рес щвана бокьараб рет1изе,кваназе,базе,босизе…
Заман хисана,мискинлъи нахъеги гьарзалъана,Х1алт1уца кверазда пинкьал рахъаразул къимат хвана.Г1арац г1емерлъана,г1аданлъи мигьлъана.
Иманалъе нахълъи лъугьана.Хвалие дин гьабулел ц1ик1к1ана.Ахир кинабдай бук1ина?...
Гьелъие жаваб цойгидаб г1асру решт1индал,нахъе хут1араз къимат кьезе тун лъик1 гурищ?
1985-1991
Цояв цоясухъ гьоболлъухъ вук1ана.К1ияцаго г1акъилаб,г1умруялъе х1ажатаб калам гьабулеб бук1ана. Цояс цоясда гьикъана:
-Щиб жо кколеб хвел?-ян.Дида кинго бич1ч1изе к1олеб гьеч1о гьелъул маг1на.
Цойгидас жаваб кьуна:
-Хвел-гьеб ккола цояб гвангъараб рокъоса цойгидаб,кидаго канлъи свараб,бец1аб рокъоре гочин-ян.
Т1оцебесев сих1къот1ун жиндиего бицаралъул пикру гьабизе лъугьана.
Рукъалъул мокърукь делараб чирахъ тохлъукье сун ана ва бец1лъиялъ кибго квершел гьабуна.
Гьадиг1анго бигьаяб жойищха гьеб бец1лъуде гочин бук1араб-ян ургъич1ого к1алъана т1оцевесев…
Валагь лъалароха,хирияв гьудул-ян ццидалго абуна к1иабилес.Дуе гьеб бигьалъун батани,дун гьелъул ургъалица къасиги-къадги к1век1улев вуго…
Гьединаб буго г1умрудал цо-цоязе х1акъикъат. Рак1 биццалъиялъул к1ич1икье ккарал кант1уларо.Гьединазе г1умру г1исинлъмалазул х1айлъун бук1уна…
1990 сон
Лъиданиги лъаларо нилъер рак1азул къасд.
Къисматалъул лъуг1и гьеч1еб нухлул халалъиялъул ургъел херлъидал гурони бич1ч1изе к1оларо.
К1алзул къасд -къода жаниб женжедулеб гьури г1адаб,г1акълудал роцен билараб черхлъун,чиякъго къват1ахъ чигун дандч1вазе хиялазда.
Рек1еца: «бецлъаги,хваги,хадув г1одизе чи хут1угеги,халкъалда сураги,саяхълъаги,сахлъи щогеги,щваралдаса ват1алъаги»…абун щурулеб.
К1алалъ: «баракат лъеги,лъай-г1акълу ц1ик1к1аги,ц1ар машгьурлъаги, маг1ишат т1ок1лъаги,т1аде бач1унеб баракатаб батаги,балагьаздаса ц1унагиян» ах1улеб.
Рак1азул бецлъи.Беразул сих1ирлъи. Саназул зигарди.Заманалъул къулкъуди.Къоязул ццидахин.Хасияталъул нахъег1анлъи…
К1алзул «гьуинлъи». Гьудуллъиялъул «т1аг1ам». Г1аданлъиялъул «къуват». Къаркъалаялъул «сахаватлъи». Сардил «лазат»…
Киназда божилев? Сундухъ г1енеккилев? Г1аданлъи лъихъа балагьилеб? Лъик1аб киса босилеб? Кумек киб батулеб?
Бицунеб буго добго,долгоял руго бицунел,рокьул буго бицунел- жиделъ рокьи гьеч1ез.
Г1иц1го рукъалъул къадал руго г1енеккун ч1ун.
Ана г1аданлъиялъулаб г1асру.Лъица нахъ бусинабилеб араб?
Сверухъ хъуди буго. Киназулго к1алулъ: «Нижеца,нижеца,нижеца!»
Кибе араб рак1азул гьуинлъи,х1алимлъи,гурх1ел?...
2000 сон
________________________________________________________
Г1аламалъул гьаркьал рекерулел рук1ана саг1тил минутал кинниги.
Гьел минутаздасан,секундаздасан сок1к1араб г1умру буго нилъер.Заманалъул лъалхъи бук1унаро,гьеб нилъехъ балагьун ч1оларо.Заманаялъул лах1затазулъ заг1ипго кунч1улеб,ахир бихьулареб г1умрудал сипат…
Нух бикьуда эхетарай къамартай ч1ужуг1адан,ч1ег1ер бараб рет1елгун,сабруяб, г1одобе биччараб балайгун.
Гьелда нахъехун бахчараб пашманлъиялъул сипат,хъач1аб х1ухьелалъул сас.
Гьеб сипат,сас аск1осан унезул рек1елъе лъугьине нух балагьиялъул нигаталда.
Рак1алде кколеб бук1ана гьел к1иялго-к1удияб х1анч1ил куркьбал ратилин…
Пашманал,нур сварал берал. Гьел-г1асрабазул зигардилъун,залимаб унтилъун,ургъеллъун,гъаримаб кинидахъ кеч1лъун раг1улел,ратулел раг1аби. Гьел раг1абаз дуниял тирула,лъихъего щола,зуризе чи щвеч1они, нухлул свери хисула.
Пашманлъидул х1инч1-бакъан квеш.Гьеб киназдаго лъала,лъиего бокьуларо.
Нух бикьуда-кьог1аб къисматалъ к1век1арал.Гьезул гьаркьал саг1тил к1ут1илъун киназдаго раг1улел.
Сверухъ г1инкъаб г1алам.Сундуе г1умру? Зах1мат бук1уна цо-цо мехалда гьеб бич1ч1ине…
2008 сон
Цо кинабалиго бич1ч1улареб сас бук1ана г1ундузда гьури базабун рах1ат хвезабулеб: «Заман унеб буго. Мех щун буго.Аманат хисулеб щай г1адамаца?-абун.
Дун г1енекк1ун ч1ч1ана, сас лъуг1ана.Сас рик1к1алъана,гьурилъун цебеса т1аг1ана. Церехун галаби т1амуна. Дун нахъойги доб сасалде г1агарлъана. Гьеб х1инкъун нахъ балагьана,амма щибго бихьизе к1веч1о.
Г1иц1го нак1к1ил гъвет1 бук1ана дида цебе янгъизго, жиндирго рук1к1аби г1емерал кверчелаби шуршудизабулеб…
Гьанжеги раг1улеб буго рак1 х1еккинабулеб сас : «Дихъе вач1а,адаб гьабе.Дун дуниял бихьизе ва бич1ч1изе унеб буго».
Дун дуниял тун къват1ивехунищ ккун вугев,яги реччалъищ? Зодове валагьана.Г1иц1го хъандироялда релъараб т1еренлъиялъул х1асратаб моц1рол сипат буго гьениб.
Дун х1инкъана.Унго-унголъунги щиб мунагь дица гьабураб? Бич1ч1уларо,хадув гъоларо…
Гъут1би шуршудана. Щавкъ щун рохьил х1анч1и ах1дана:
-Гьереси,гьереси! Мунагь лъилъго ва лъилго бук1уна,амма гьелъул ургъел дагьаца гурого гьабуларо.Рак1алде щвезабе араб роолил ахирисеб къо…
Ургъана.Маг1ил ц1урал бералгун Аллагьасде гьардана. Ц1инт1аго г1ундузда хъинт1араб гьорол лах1заталъ щурана:
-Хваразул рух1азе ду1а гьабич1олъи буго саслъун дуда хадуб сверулеб…
Бит1араб! Т1аса лъугьа,Бет1ергьан! Рек1ел беццал пикрабаз гуккана.Тавбу гьабуна ц1идасан.Бигьалъана. Ц1идасан добго сас:
-Аллагь разилъаги дур г1амалалда.Нижееги бигьалъи щвана.Рух1 реч1ч1ана, ч1аголъана.Маг1ил гараз чурараб гьумер, какие чурараб черх кинниги, т1адагьлъана.Рек1елъе гвангъи решт1ана.Лъалхъана. Хваразул рух1азе фатих1а рехана.Алх1ам ц1алана…
2011 сон
Жиндаго ругьунаб х1асратгун рии,биун лъуг1унеб ц1орол кесек кинниги,дагь-дагьккун,заманаялъул куркьалги хьваг1ун т1аса ана. Рик1к1аде…
Гьелда хадуб хъурщун бач1ана хасалихълъи. Реччелгун, регьелгун. Щванщинаб бак1алде нак1к1улаб маг1уги т1ун парахалъана.
Гьеб хъамизе бокьун,хекко т1аса ине шавкъ ккун хаселги бук1ана. Санаг1атаб заман щвелародаян сент1елеб бук1ана.
Дица гьелда г1айиб гьабуларо.Гьоболлъухъ бач1ине гъира ккедал,бегьилищ гьелда г1айибал ч1вазе?
Хасалихълъиялъ жиндирго т1ехьалъул ахирисеб т1амач бегана.Гьебги ана г1асрудал г1едераб нухдасан бихьа-т1ерхьуде,ахирисеб пашманаб балайги рехун.
Х1ут1 –хъумуралъул,х1инч1-гъедоялъул рах1атхвей лъугьана.Нак1к1аз бераз босулеб сверухълъи бахчана.Сун унеб х1едул чирахъ кинниги, иргадулаб къоги лъуг1улеб бук1ана.
Сардилъ,рак1алда гьеч1ого,лъицаялиго х1анч1и х1улун х1ули г1одобе балеб лах1зат лъугьана.Аллагьасул х1алк1олъи!Хасалил маг1у-г1азу г1исинккун ракьалде бортана.
Хъах1аб рат1лица бацана дуниял…
Жеги гьелда хадуб бач1ине цойги гьобол хут1ана…
Гьедин унеб буго нилъер г1умру,амма гьелъул ургъел г1емеразе бук1унаро.
Нилъги уна,заман кинниги,цояз цоял хисун…
2010 сон
Ц1ум тахбак1ида г1одоб ч1ч1ана. Бохалда т1аде бохги бахинабун, бицатаб цигараги к1алдиб ккун, рах1аталда бук1ана.
Нуц1а къирана.Ц1ум нахъехун балагьана.Гьениб эхетун бук1ана беццаб руз.
Ц1удул ццим гьалаглъана,рек1ел кьаби х1алуцана.Гьелъ столалда т1ад жиндирго хъач1ал малъал хъваг1дезаруна.
-Мун щиб къвариг1елалъ бач1араб магъакь! Кин дур тавакал г1ураб г1арзалъ бач1ине?
-Дур хъач1ал малъалги,маг1на гьеч1ел махсарабиги дие х1ажат гьеч1о! Нужер ц1умазул рах1ат хвезаби- нижее хасиятаб гьеч1о.Те ниж рах1аталда,рах1муяб тарбия кье дурго тухумалъе!
-Г1ела! Дица дур…мун…Ракь те гьаниса! Раг1и бицине нечезе ккела, беццаб гвадар!
-Дида лъик1 лъала г1амал к1удиязул ццим.Ах1де,ццидахе,бокьараб гьабе, амма х1инкъаби кьезе г1едег1уге!...
К1иго ралъдал карачел цоцалъ кьабуна.К1иязго рек1еда бук1араб бицана.Цоялъул гурони сабру бергьинч1о,цойгидалъ-жидеего хасиятаб ч1ух1и загьир гьабуна.
Рик1к1адасан раг1улеб балъгояб зигарди…Сабру гьабе! Ч1ух1и ч1вай! Т1аса лъугьа! Г1амалалъул лагълъи х1аге!Х1акъирлъи т1алаб гьабуге! Лъалхъе!...
Гьеб кинабго х1ай буго-ян велъана Г1адан. Йохъ,гьеб х1ай гуро! Х1акъирлъиялде нух кквезе нигат гьаби буго…
Киназулго рак1 гъанц1улеб гьаракь бахъана росу ахада. Чанахъанас г1ужие босана ц1ум.
Беццаб рузалъ садакъа гьабуна…
Гьелъ аманат гьабураб ц1удуда бич1ч1инч1о.
Ц1удул кабинет цогидасухъе щвана.
2012 сон
Свидетельство о публикации №225012200758