Т1аса лъугьа г1умру

Талих1ал къоял ана къадараз хисун,
Хасалихъе гъунел т1амхал кинниги.
Кодоб щибго теч1о: талих1 , рохелцин,
Рокьуе кьурабги ана бачахъун.

Кьал ах1ун, х1ал хисун – сундуе дие?
Нахъе буссинаро г1умрудал свери.
Г1айиб ч1ван, ч1ух1дарун данде ккеладай,
Дидаса бит1 ккеч1ел таманал ругин.

Талих1алъул ахикь янгъизлъараб гъвет1,
Гъабул мичилалъе нахъе рехула.
Рохелалъ къвал бач1еб къваридаб г1умру,
Г1ажизаб лъугьиндал лъиде гьарделев ?

Г1одоб биччан ч1ая, ч1ух1дарулеб рак1,
Ч1алг1аде т1амунин т1екъаб дуниял.
Т1аса лъугьа г1умру,г1едерал сонал,
Дуе мут1иг1лъич1ев муг1рул васасда !
                1980 сон


Рецензии