Сабру гьабила

Пикрабазул рахас бот1ролъ женжедун,
Рокъов дунго цох1о хут1ун вук1ана.
Доб цебе бук1араб рак1алдеги щун,
Дидаго щурщулев ватана балъго.

Бот1ролъе бач1уна цебе бук1араб,
Цинги жакъасеб къо, соназул чит1ир.
Черхалъул г1узраби, г1умрудал угьди,
Ургъич1ого хъварал куч1дузул мухъал.

Унеб буго г1умру г1едераб лъарлъун,
Лъик1абги-квешабги гъорлъеги жубан.
Гъалат1азул т1амхал гъинеги гьарун,
Гьобоялъ кваналел мугьал кинниги.

Гьанжеги т1егьала ихдалил гъут1би,
Т1огьал г1аздаца ккун муг1рул рук1аго.
Мун вук1анин абун калам гьабулел,
Бач1унеб г1елалда к1очене буго…

Г1одов вичан ч1ела, сабру гьабила,
Ссун араб г1умрудал х1исабги гьабун
Х1алк1олев Бет1ергьан, гьарила дуда,
Гьаб дир тавбуялъе жаваб гьабеян…


                2007 сон


Рецензии