Палихъаналде
Т1аса иниланищ рак1алде кколеб?
Рах1ат хвезабулел хиялалги кьун,
Харж дихъа бахъизе г1едег1улей щай ?
Хъатиний щурщудун, щибали ц1алун,
Ц1оросаролъил мугь ч1арбиде рехун,
Ч1инхазда гаргадун, гордухъе яккун,
Камилаб махсаро сундуе х1алеб ?
Х1укмаби къот1изе, къулгьу ц1ализе,
Ц1игьур гьеч1ониги дидаги лъалин,
Дуе «г1елмуялъул» дарсал кьурав щив,
Кьуч1 гьеч1ел гьерсалгун ясандулей щай?
Гьел духъе рач1унел гьалбал рихьидал,
Росулъ г1адамазул щур-щур ц1ик1уна.
Ц1огьохъе т1амулеб дур гьеб палалъул,
Пайда- хайирг1аги кинаб бук1унеб ?
Квешал г1амалазда гъорлъе рехсараб,
Раг1улин дур пиша ,кант1уларей щай ?
Кинан щвананиги г1олебищ г1арац,
Г1азаб гьелъул бук1ин к1очонцин гурищ ?
К1ал гьикъи къуватаб буго нилъее,
Къвариг1ел гьеч1еб жо г1емер гьабуни.
Гьеб дурго пишаги дургъизе гьабун,
Шарг1алъул нухда ч1а, мекъе ккеларо.
Мун г1адиназ гурищ гьанжесеб г1умру,
Гьерсил нухал рищун бух1улеб бугеб.
Х1арам цебе гьабун, х1алал какулел,
Кант1улеб цо дару ургъизе анищ…
Дуца пал т1амунин т1олго г1узраби,
Т1асаго инч1ин дир ,ч1инхил удаман!
1988 сон
Свидетельство о публикации №225012801724