Лъут1арал пикраби
Вихун-ч1варкьун,рак1 хун лъугьунге цебего дунял тарав Бичасул лагъ нахъ вуссун гьоболлъухъ вач1унилан. Нилъ киналго ч1аголъизе руго къиямасеб къо ч1едал: къуваталги, заг1ипалги, залималги, недегьалги, берциналги, сураралги, сакъат ккаралги,г1ажизалги,г1акъилалги,г1абдалалги,диналъе хилиплъаралги, хиянат т1ок1алги,т1арикъат босаралги,бидг1аялда рук1аралги,г1амал квегъич1елги, куфруялда г1умру аралги,Аллагьасул нухдаса кьураралги,къокъго абуни,киналго.
Гьарурал мунагьазул сурав босизе лъугьиндал,лъидаса хвасарлъи т1алаб гьабилеб? Кире к1анц1илел,кинаб дуг1аялде рортилел? Вай аман, дуниял!
Дур ургъелалъ унтарал,рак1азулъа иман бортарал,бата-батараб гьабурал,рияъ т1алаб гьабурал,гьодораб нигаталда г1умру арал,г1акъилаб г1адахъ босич1ел саяхъ хьвадарал, х1арамаб даран-базаралъул ургъалица г1анкъарал,гъурущ кинаб ва кинан щвананиги бат1алъи гьеч1ел г1емерлъулел руго…
Дир гьудул, дур рак1 хвезабизе,хиялал г1емерлъизаризе,г1арац гьаризе яги гьудуллъи бихизабизе щварав гуревлъи бич1ч1а.
Щайт1ан-илбисалъул нухда г1умру т1амизе ругьунлъараб къавм бижун буго,х1ехьезе к1олеб гьеч1о.
К1игьумерчилъи х1ай,мунагьал гьарзалъи,гьекъел-мехтел, хиянат, нахъег1анлъи, адаб тей,гурх1ел-рах1му лъуг1ин, х1елх1елчилъи, ришват, бикъа-хъами жанибе буссараб ралъадлъун лъугьараб ракь угьдилеб,зигардилеб буго…
Гьудул,дица бицунелда божулищ мун? Яги дица таралдаса тавбу к1очонцин гурищ?
Сардил лах1зат х1урлъун т1аг1ана…Г1уг1удулел х1елказ рогьалил хъах1лъи ц1ехолеб г1уж г1агарлъизе байбихьана.
Будунас рогьалил как ах1ана.Росулъ бат1ияб сих1къот1и.Г1иц1го щуго-анлъго нуц1а рагьулеб гурони сас бахъинч1о.
Гьудул,дуда рак1алда гьеч1ищ рогьалил какде вахъине? Нигат кинаб бугеб?
Дица берал рагьидал гьудул дунгун ватич1о. Гьев какде ун ватила. Дунги гьесул нухдасан ана…
Свидетельство о публикации №225012901563