Ас-салам г1алайкум, хирияб Гумбет!

Ас-салам г1алайкум,хирияб Гумбет,
Рак1ал сахаватаб муг1рузул Ват1ан!
Т1аде къо ккаралъуб-чарамул сангар,
Машгьурал ц1араца ц1ар араб т1алъи.

Т1абиг1ат берцинаб бакълъулазул ракь,
Т1аг1амал пихъазул т1огьол хьиндаллъи.
Т1амурги,хвалченги хасал къояца,
Т1ок1аб ярагълъун ккун г1умру т1амураб.

Г1алих1ажил кици мисаллъун ккураб,
Зах1маталъ куцараб х1асратаб район.
Бокьула рак1алъе бах1арчияб ракь,
Х1инкъи гьеч1ел васаз даим ц1унараб.

Ас-салам г1алайкум,хирияб Гумбет,
Рак1ал сахаватаб муг1рузул Ват1ан!
Т1аде къо ккаралъуб-чарамул сангар,
Машгьурал ц1араца ц1ар араб т1алъи.
                2000 сон


Рецензии