Дир г1агараб т1алъи
Рорхатал муг1рузул т1огьазе кьола.
Т1олго г1умруялъе х1асрат бикьулеб,
Бокьула рак1алъе г1агараб т1алъи.
Т1адмаг1арул сахаб г1аданлъи,намус,
Нус-нус сонал ц1алк1ун цоцахъе кьолеб.
Ц1ибил-пихъ гьарзаяб хьиндалазул ракь,
Ракъул сонацаги саваблъун ч1араб.
Г1алих1ажил ват1ан-г1умрудал ч1ух1и,
Г1урчинал рохьаца рацарал муг1рул.
Мелъелт1а,Аргъвани,Гъадари,Данухъ,
Гъазават ах1идал имам ц1унарал.
Игьелдерил бакънал-къуватаб дару,
Дир г1агараб т1алъул т1ок1аб хазина.
Г1адамал недегьаб,гьобол хирияб,
Бокьула рак1алъе бакълъулазул ракь.
Ас-салам г1алайкум,г1агараб Гумбет,
Г1елмуялъул ралъад,къадруяб Ват1ан!
Киналго рак1азе рагьараб каву,
Район нижер буго,божа гьелда нуж!
Свидетельство о публикации №225020101355