Дир росу
Бусен т1амун буго Игьали росу.
Т1аг1амал пихъаца машгьур гьабураб,
Бокьула рак1алъе нек1сияб росу.
Дагъистан ч1ух1араб бечедаб тарих,
Буго нижер росдал,лъазе бокьани.
Т1аде къо ккаралъуб сангарлъун ч1олеб,
Къуват т1ок1аб буго жамаг1аталъул.
Роолил заманалъ т1анса г1адинаб,
Т1абиг1ат бук1уна сипат берцинаб.
Росу ахадасан чвахулеб Г1анди,
Сардида ахх бачун накъит гьабулеб.
Нек1сиял бакънаца машгьур гьабураб,
Буго дир г1агараб Игьали росу.
Г1адамал недегьаб,гьобол хирияб,
Гьелъ рек1ее г1ола умумузул ракь.
Рохьахъ жанир ругел т1ок1к1арал иццал,
Т1алабахъ мокъокъаз т1амулел бакънал,
Т1абиг1ат гьайбатаб,гьава бац1адаб,
Буго нижер росу район ч1ух1араб.
Маг1арул ях1-намус даим ц1унарал,
Бах1арчиял васаз машгьур гьабураб,
Х1алт1уе г1едерал,махщел камилал,
Ясаз гугьар бараб росуги нижер.
Хъах1илал нак1к1аца т1авап гьабулеб,
Муг1рул расалъуда Г1ач1ила т1алъи.
Т1олабго Дагъистан гьоболлъухъ ах1ун,
Х1амзатил Расулгин,Френкель решт1араб.
Рак1ал аваданал,инсан хирияб,
Халкъ буго Игьалиб,лъазе бокьани.
Кинабго т1абиг1ат,т1олго берцинлъи,
Т1адег1анас кьураб хазина нижер.
Дир г1агараб росу,г1азизаб росу,
Г1умру жаниб араб умумузул ракь.
Хьиндаллъи камилаб,как-дин щулияб,
Буго нижер т1алъи-Игьали росу.
Игьали-дир росу,нек1сияб ват1ан,
Дур ц1ар раг1арабго рак1 дир бохула.
Рохел гьарзалъаги,гьунар т1ок1лъаги,
Т1олго г1асрабаца г1агараб росдал.
Свидетельство о публикации №225020701265