Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял
Даран – х1иллаялъул даим гьабулеб.
Гьуинлъи гъорлъ гьеч1ел гьодорал рак1ал,
Гьурмада маска хун – хиянат ккурал.
Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял,
Гьагал махсараби даим гьабулеб.
Г1аданлъи лъуг1араб,лъавукълъи т1ок1аб,
Лъезе ц1ар лъалареб,рах1му билараб.
Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял,
Гьудул- гьалмагъзаби – макру бергьарал.
Беццал нухал рищун сужда гьабулеб,
Сахаватлъи лъуг1ун раг1ад хут1араб.
Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял,
Диналда гьоркьобе рикьи лъугьараб.
Рокьиги,г1ищкъуги- г1арцуца хисун,
Г1азаб- зулмуялъул бакънакь кьурдулеб.
Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял,
Рецци жагьилазе даим гьабулеб.
Законал кьижараб,кьог1лъи ц1ик1араб,
Мискин –пакъирасул къимат билараб.
Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял,
Гьурмал кьерал ц1ехон тамих1 гьабулеб.
Такъсиралъул ралъад даим гьелчолеб,
Дармилъ рибаялъул гьурал рахъунеб.
Рит1ухълъиго гьеч1еб гьагаб дуниял,
Гьабе нижей кумек,Бет1ергьан Аллагь!
Беццазе канлъи кье,хассазе – иман,
Хвасарлъи Дудасан бугин нижее !
2000 сон
Свидетельство о публикации №225020800338