Къисматалъул угьди

Хъач1ал  раг1абазул рокьукъаб хъуди,
Радалги, къасиги къот1улеб гьеч1о.
Къисматалъул угьди, ургъелазул ц1ад,
Улкаялда жеги женжелеб буго.

Жах1да- х1усудалъул, х1алхъублъиялъул,
Х1орал руго рак1алъ рик1к1ен г1емерал.
Г1азаб- зулмуялъул залимаб ралъад,
Зарал цадахъ бачун хъудилеб буго.

Хъарцинлъи, лъавукълъи, лъик1ал ралъаргъи,
Лъиего якъинал мисалал руго.
Миллатчилъи х1алел, х1алхьи толарел,
Х1алхьезег1ан руго Россиялда гъорлъ.

Гъарим- мискинасул сиях1 ц1ехоге,
Ц1арал хъвазе кагъат г1оларо нилъей.
Г1арцуца цулъараз , жагьиллъи т1ок1аз,
Т1омги т1аса бахъун хъудилеб улка.

Унтарал рак1азул балъгояб г1оди,
Раг1уларищ гьанже киса- кибего.
Какил адаб тараб, Аллагь к1очараб,
Чороказул кверщел гьарзаяб заман.

Зинк1ула г1асруялъ г1одов вичаян,
Г1узраби,мун лъик1лъун, лъуг1изе гьеч1ин.
Лъик1алде хьул лъезе къуват кье, Аллагь,
Къойилго гьабулеб – гьале дир дуг1а.

                1989 сон


Рецензии