Аллагьас кьуралда дун рази вуго
Дир рукъалъул къеда , хирияв гьудул.
Хал гьабе – ч1арбида мармар ккун гьеч1о,
Минаялда цебе машина гьеч1о.
Маг1ишат х1арамаб къавулъго гьеч1о,
Къадру г1арцудалъун щвараб жо гуро.
Цере тезе чаг1и – кисаха дие,
Ресукъав , мискинав инсан вугони ?
Г1ураб г1акълу буго Бет1ергьанас кьун,
Т1ок1абги бат1ияб дие щибизе ?
Т1адег1анлъи щвезе нухал ц1ехеч1о,
Намус-ях1 билараб нухда хьвадич1о.
Дун ,Аллагьас кьураб г1олевлъун вуго,
Г1емераб рикъзи- мал сундуе дие ?
Маг1ишат гьарзаял гьудулзабахъе,
Гьардезе унаро, алх1амдулиллагь .
Унел руго къоял роржун г1умрудал,
Ралел руго хъулби г1емераз жакъа.
Къадар т1аде щвелин щукруго гьеч1о,
Щайха кант1и гьеч1ел гьарзаго ругел ?
1996 сон
Свидетельство о публикации №225020800345