Г1умруялъул сверабазда данделъарал пикраби
Гьелъул пикру гьабун гьавудизе лъай.
***
Малъараб г1адахъ босун бет1ербахъи гьабуни,
Гьабулеб х1алт1иялда баркат т1ок1аб бук1уна.
***
Бикъулеб,бикъулеб къоялгин,моц1аз,
Мал буго улкадул ахир лъалареб.
***
Хъулхъида тараца радалгин,къасе,
Ришваталги росун г1уц1улеб х1алт1и.
***
Г1емераб бицуна бикъи квешабин,
Бицаралъ хисулеб гьеч1о х1акъикъат.
***
Хур-ах рехун тараб бач1араб заман,
Рек1елгъей г1емераб,г1адлу бихараб.
***
Цоцада г1айибал ч1ван г1ибадат гьаби,
Диналъе заг1иплъи,заман балъаргъи.
***
К1алзул вирусалъул гучаб карачел,
Рак1ал хвезарулеб,хиянат т1ок1аб.
***
Дунялалъул калам квешаб бугилан,
Бицула раг1ула,хиси лъунаро.
***
Цоцаде рогьралги ран рарал каказул,
Камиллъи бук1инищ,диналъул вацал?
***
Жакъа къват1ул харбал къуватал руго,
Рек1ел жах1даялъул мисалаз кьолел.
***
Х1илла-макруялъул курсалги рагьун,
Коммерсантал руго киса-кирего.
***
Г1акълу гьеч1ел бут1руз т1ут1ун рехулеб,
Рах1ат гьеч1еб дунял,ругъназулъ бессун.
***
«Малъарасул к1ал бекич1о,к1анц1арасул бох гурони»,
Г1антав Байденил малъа-хъваяз ц1адулъ ккараб дуниял.
***
Радалги,къасеги,къоялгин,сардаз,
Къот1и гьоркьоб гьеч1ел гьал рекламаби!
***
Метерисеб къоялде къасдал гьарулев инсан,
Малакуль-Мавт вач1индал дандч1вай кинаб гьабилеб?
***
Дунял г1оларел цоял,доллар г1оларел цойги,
Хвезе рук1ин лъаниги, нахърателал гьарулел.
***
Нолъ цадахъ вук1арав рек1елав гьудул,
Гьале къадарги щун ана ракьулъе…
***
Жах1да-х1усуд бокьулел киг1анги г1емер руго,
Г1адлу гьезий гьабулеб гьеч1о нилъер идара.
***
Абуна.Раг1ана.Вагъана. Гъибат бергьана.
***
Х1илла ургъана,ургъел т1аса ана,
Рибаялъ жиндирго мурад т1убана.
***
Нилъеца цоцада лъолел бугьтаназ,
Лъукъун толел рак1ал,х1исаб гьабидал.
***
Улкаялда ругел т1олго ц1огьазул,
Ц1арал мух1кан лъала щибав чиясда.
Амма цонигияв тамих1ги гьабун,
Гьеб пиша теялъе гьедизавич1о.
***
Замана балъаргъун бергьунаро нилъ,
Гьелъул къимат гьабун гьавудизе лъай.
***
Гьанжесеб г1асрудал г1узрабазда гъорлъ,
Г1арац г1емераб щвей цебесеб буго.
***
Адаб-хъатиралъул хъуйго къот1ана,
Хъач1лъи буго жакъа цебесеб кьерда.
***
Ришватаз унтараб гьаб нилъер заман,
Закон х1алт1улареб,х1арам беццулеб.
***
Цоцада нахъасан гьарулел мац1аз,
Ц1аял рек1ун руго киса-кирего.
***
Х1ажат гьеч1еб калам г1емерлъун буго,
Г1адамал мунагьаз мекъса ккун руго.
Цоял концертазда,цойги-хандакъахъ,
Кинанха бич1ч1илеб г1умрудал свери.
***
Г1акълу гьеч1о жакъа къвариг1ун нилъей,
Г1адада заман ч1вай г1умрудал бук1ун.
***
Рагъулъ г1ахьаллъулел г1олохъабазда,
Бичасул ц1об лъеги,гурх1ел решт1аги.
Т1ад ругъун лъеч1ого,гулла щвеч1ого,
Рокъой русунеб къо г1агар гьабеги.
***
Жакъа Интернеталъ нилъеда гьоркьоб,
Гьелегьараб ц1адул кор боркьун буго.
Рач1уна цоцахъе баянал рехун,
Раг1изе х1арамал,рихьизе хъубал.
***
Ватсапалъул мунагь гьарзалъун буго,
Гьелъул пикру бугел ц1акъго дагь руго.
Диналъул вацасе зарал гьабулеб,
Бит1уге цоцахъе-дир гьари буго.
***
Г1арац г1емерлъун буго г1адамазул кисабахъ,
Г1амал мукъсанлъун буго г1емерисезул рак1алъ.
***
Рек1ел хъач1лъиялъул хъудулеб гьаракь,
Гьанже дунялалда дагьлъулеб гьеч1о.
***
Маг1арул росабалъ г1урус мац1алъул,
Лъималаз бицунеб камиллъи,т1ок1лъи,
Нилъергоги к1очон к1удал г1уралго,
К1алалъ бицунеб мац1 щибдай бук1ина?
***
Мунагьазул гьирал раччун гьавудуге нуж,
Гьелъул хайир щварав щивниги гьеч1о.
***
Иман чангиясул чангитги бортун,
Чияр сагабазда бартилъун буго.
***
Рицунел гьерсазухъ рахъе налогал,
Нилъерго халкъалъе харжал ц1ик1к1ине.
***
Лъимал гьалаг гьаризе телефонал раккана,
Талих1 къвараб бук1ина нилъер хадусеб наслу.
***
Квешаб г1амалалда г1умру т1амуни,
Г1узраби ц1ик1к1ина,ц1ар г1одоб ккела.
***
Рагъал г1емерлъун руго,г1умру учузлъун буго,
Г1узрабаца дуниял даим к1век1улеб буго.
***
Кьвагьун араб раг1уца ругъун кутакаб лъола,
Лъик1алдалъун к1алъазе к1вараб х1аракат бахъе.
***
Г1емер какал ранилан камиллъуларо иман,
Квешал къасдал,рак1хъублъи рик1к1ад гьаре х1ал рекъон.
***
Х1ажат гьеч1еб калам г1емерлъун буго,
Кири мукъсанлъулеб х1ужа буго гьеб.
***
Балеб как камил гьабе кири мух1канаб щвезе,
Х1арамаб рик1к1ад гьабе баркат рукъалда лъезе.
***
Замана балъаргъун къоял риччаге,
Рек1елгъей дагь гьабун гьавудизе лъай.
***
Гурх1ел-рах1му гьеч1еб бач1араб заман,
Балагьал гьарзаяб,рагъ-кьал г1емераб.
***
Мекъе квер бегьулел ришватчаг1азе,
Г1адлу х1ажат гьеч1о г1ашт1и гурони.
***
Лъик1аб тарбия кьун лъимал хьихьани,
Талих1аб бук1ина хъизан,лъимал,рукъ.
***
Рак1квешал г1адамал кинан лъугьунел,
Гьелъий жаваб лъалев вугодай инсан?
***
Г1адан х1акъирлъун вихьи-х1асадалъул борхалъи,
Бугищ гьелъ кьолеб хайир,бице бокьарав чияс.
***
Жалго чорокги рук1ун чияда багьана ч1вай,
Бичасул арканалищ,Къуръаналъул аятищ?
***
Бечелъиялъул г1орхъи г1емеразда лъаларо,
Бугелда г1ей гьабулел г1емер рук1унищ жакъа?
***
Рекьуларел хурзал,ч1унтарал ахал,
Аза-азар руго росабалъ жакъа.
Даг1баялъул къецал къуватал руго,
Къот1изе гьебги тун тавбуялда ч1а!
***
Цоцада нахъасан мац1ал гьарунин,
Гьелъ кьолеб хайир щиб,бице бокьарас.
***
К1алалъ гьоц1о бахун бицунеб хабар,
Рек1елъе раккидал загьру батулеб.
***
Х1алал щваралъул къимат,х1исаб гьабидал,
Х1арамалда данде бач1унеб гьеч1о.
***
Кибго угьди-зигарди,заманалъул кьур-кьуди,
Кьуралда г1ей гьабизе бажаруларев инсан.
***
Г1умруялъул замана зунун,г1едег1ун уна,
Г1адада хварал къоял хадур нахъе щоларо.
***
Щивасул рук1уна рек1елал къасдал,
К1олищ нилъеда гьел т1уразаризе?
***
Диналъул вацазулъ х1ал рекъон рук1а,
Х1илла-рек1к1,рак1квешлъи рик1к1адги гьарун.
***
Интернет гьеч1езда бахиллъула дун,
Бихьулеб,раг1улеб берзукь гьеч1ого.
***
Гьадиг1ан г1ат1идаб дунялалда нилъ,
Г1ажаиблъи гьеч1ищ,къварид рук1унел.
***
Мац1ал гьаругеян гьабула ваг1за,
Гьелдалъун гьерсазе хиси лъунаро.
***
Доллар х1ажат гьеч1о х1укуматалъе,
Те нилъерго г1арац г1алам-халкъалъе.
***
Байденил къавуда к1икъого соналъ,
Къот1и гьоркьор гьеч1ел ц1аял рек1аги.
***
Дунял х1алада толарел х1алихьатал бут1рузда,
Балагь тун бат1ияб х1икмат бихьугеги кидаго.
***
Машина бачунев,воре к1очонге,
Нухлул адабги ккун рокъов вач1ине.
Г1аракъиги гьекъон машина бачин,
Балагь цадахъ бугеб х1акъикъат буго.
***
Нилъер г1умруялъул г1едерлъи лъазе,
Г1олохъанлъи хисун херлъи бач1уна.
***
Пенсия ц1ик1к1индал базрахъ-тукабахъ,
Багьаби дагьалги эхеде уна.
***
Цоцай хинлъи бикьизе батулареб замана,
Телефон,планшетаца асир гьабураб дунял.
***
Радал- бакъанида нигатги гьабун,
Нилъерго хваразе дуг1а-алх1ам кье.
***
Ракьал ч1унтун руго,ч1аралъ ккун руго,
Кинабдай бук1ина хадуб х1акъикъат?
***
Лъимал тарбия кьун хьихьизе лъани,
Талих1 бугеб хъизан нужер бук1ина.
***
Рияалъул асар чорхолъ бугони,
Бук1унаро гьелъул щибниги пайда.
***
Къват1ул хабар ц1алк1ун хайир щоларо,
Къадру г1одоб ц1алеб г1амал жибго те!
***
Радалги,къасеги къот1иго гьеч1ел,
Рекламабаз нилъей гьабулеб «кумек»!
***
Г1емерисел мунагьал мац1алдалъун рук1уна,
Г1едег1араб каламалъ каранда ругъун лъоге.
***
Лъик1аб насих1аталъул хайир босизе лъани,
Лъай-г1акълу камиллъила,къадруявлъун вук1ина.
***
Г1адамалги какун какдеги хьвадунин,
Кири гьелъухъ дуе Бичас хъваларо.
***
Рак1-рак1алъ гьабураб дуг1аялъ дуе,
Дунялалъул ургъел т1аса босула.
***
Зодой кверал рорхун камилаб х1алалъ,
Гьаре Аллагьасда,диналъул вацал,
Нагагьал балагьал т1аса росеян,
Рагъ-кьал ахирги лъун лъуг1изабеян.
***
Х1акъикьа х1инкъизе къуват кье,Аллагь,
Гьеб буго дир дуг1а,диналъул вацал.
***
Ватсапалда жанисан чвахун бач1унеб,
Ч1анда г1емер буго,божа гьалда нуж.
Гьелъул зарал щварал киг1анги руго,
Квешлъи ц1алк1инч1ого ч1агояб бице.
***
Босизе бигьаяб,бец1изе бак1аб,
Къарз босун гьавуди лъик1аб жо гуро.
***
Ваг1за-насих1аталъ х1екколареб рух1,
Камилаб ужра щун бохизе гьеч1о.
***
Камилго балареб какалъул пайда,
Кинаб бук1унебали бич1ч1изе ккела.
Лъик1абги,квешабги-к1иго бат1ияб,
Нухлул свери буго нилъер г1умрудал.
Лъик1аб т1аса бищун хьвадизе лъарав,
Бичасде г1агарав,г1акълу бергьарав.
***
Мавлид ах1ун Ах1мад(с.т.г1.в.) к1одо гьавизин,
К1удияб давла щун нилъго рук1ине.
Расуласде свалат г1емер бит1изин,
Баракат гьесул щун рак1ал рохизе.
***
Адабалъул къуват-к1икъого кири,
Къадруялъул къимат-лъабнусго кири.
Лъик1аб г1амалалда г1умру т1амуни,
Мунагьал дагьлъила,дин камиллъила.
***
Ццин хехал г1адамаз заруде рортун,
Рек1елхвей гьабизе нухал ратула.
Росулъ питна бекьун кьал гьарзалъула,
Гьелъул хайир щварав щивниги гьеч1о.
***
Г1елму т1алаб гьабун т1обит1е г1умру,
Бит1араб нухалъе рухса кьола гьелъ.
***
Цоцаде рогьралги ран рагъде бусуна даг1ба,
Бецаб ч1ух1и къинабун къадруялда хьваде нуж.
***
Дунял бигъун буго,гъаримго буго,
Гъаргъар черхалда бан угьдилеб буго.
***
Кант1и гьеч1ел бут1рул г1емерлъун руго,
Бидул мах1 бахъараб Европаялда.
Россиялда данде санкциялги лъун,
Расандилел руго радалгин,къасе.
***
К1игьумерчилъи гьанже жиргъун цабигун,
Жергъен к1ут1ун куч1дул ах1улеб буго.
***
Телефоназ нилъер напсалъул къуват,
Къинабизе нухал малъулел руго.
***
Садакъаде г1арац г1умруялъ кьеч1ел,
Кьуркьудизе лъуна кьеян абидал.
***
Саг1тил хъаравулзабаз хъваг1ала нахъе,
Г1умрудал лах1затал ,къоял ва саг1тал.
***
Араб г1умруялъухъ рек1екълъунилан,
Лъугьунаро хиси херлъун хадубги.
Зах1маталъ куцала кинавго инсан,
Камилаб махщелгун гьавуданани.
***
Т1абиг1аталъ г1арзал рахъулел руго,
Г1орц1и лъаларевлъун г1адан вугилан.
Г1орал,лъарал,рохьал лъелъерлъун руго,
Гурх1ел-рах1му гьеч1ел г1емер рук1индал.
***
Г1азу-ц1ад къанаг1атаб бач1араб заман,
Зобал-ракь загьрабаз даим к1век1улеб.
***
Дунял-хасазе кьураб бечелъи гуро,
Кьоге гьелъий г1азаб,г1ангразул т1елал.
***
Щибаб соналъ кколел гьалагал ц1аял,
Гьел ккеялъе г1илла лъалев чи гьеч1о.
***
Г1ажизал,сакъат ккарал киг1анги руго,
Кидаго гьезий дуг1а камизе тоге.
***
Гьадиг1ан берцинаб,бечедаб дунял,
Даим г1узрабазул зулмудалъ буго.
Г1урх1ел-рах1му гьеч1ез ч1ек1улеб буго,
Балъгояб маг1у т1ун г1одулеб буго.
***
Рагъдаса вусарав сакъат ккарав вас,
Кумек х1ажат бук1ун къват1ив вахъана.
Хъулухъчияс гьесий нодо бук1к1ана,
Дуде рег1ун гьеч1ин калам гьабуна.
Гьединаб х1акъикъат г1емер дандч1вала,
Нилъ ц1унун рагъарал рагъухъабазул.
Нахъег1анлъи буго хъулухъчаг1азул,
Чи х1акъир гьабулеб г1амал буголъи.
***
Г1аданлъи лъуг1араб решт1араб г1асру,
Г1арцул гуронани ургъелго гьеч1еб.
Ришватал гьарзаяб гьанжесеб заман,
Нилъей лъугьараб щиб? Щоларо жаваб…
***
Т1екъазул къавуда къуркъби ах1даги,
Къаси-къад ч1еч1ого рах1ат хвезабун.
***
Г1адамил лъимадул г1адинаб г1ассилъи,
Г1алхул жанаваразул бати щакаб жо.
***
Гъот1одаса гъунел т1амхал кинниги,
Т1аса унел сонал нилъер г1умрудал.
***
Г1узрабазул ц1ураб бач1араб заман,
Зулму-питнаялъул нухал ц1ехолеб.
Ц1а гьелегьинабулеб гьанже Европа,
Гьелъул рахъал колеб бидулазул къавм.
***
Нуж гьарурал улбул борхьаца кваял,
Кинаб тарбия кьун г1езе гьарурал?
Гьабулеб щиналде дандеги рахъун,
Рагъал гьаризейищ хиял лъун бугеб?
Кьижараб циялъе г1акъуба кьоге,
Кьабураб цо квач1алъ бет1ер т1олебин.
Берцинго рук1ине х1аракат бахъе,
Х1апи къат1инабун къадруялда ч1а!
***
Ана цойги т1аса иргадулаб сон,
Дваргъи-г1анхъиялда хъач1аб гьурилъун.
Гьелда гъорлъ бук1ана лъик1абгин,квешаб,
Беразул пашманлъи, рак1азул угьди.
***
Квен гьабизе лъаларей,лъадае жий унарей,
Лъадилъун ячанани,накъит данде ккеладай?
***
НАТО ургъаразул гъаситоялда,
Инфаркт,инсульталъул иццал к1анц1аги.
***
Дунял рах1аталда толарел бут1рул,
Бецлъи,г1инкълъи решт1ун т1олго хут1аги.
***
Интернет квегъизе нигат гьабулел,
Какал камил гьаре кири ц1ик1к1ине.
***
Ц1огьаца бикъараб Россиялъул мал,
Рик1к1ине х1ал к1олеб х1акъикъат гуро.
***
Улбузул тарбия тамахлъун буго,
Г1адлу хварал лъимал г1емерлъун руго.
***
Унтарал лъималазе бак1арулеб садакъа,
Улка бикъун ругьунал олигархахъа бахъе.
***
Имам Шамилил иман иллагьияб бук1ана,
Исламалъе рух1 кьезе х1адурав гьев вук1ана.
Дагъистан гъазаваталъ лъик1лъизабизе бокьун,
Кьал ах1ун куфруялде хвалчен бахъун къеркьана.
***
Г1умру учузлъараб,чилъи билараб,
Чиякълъи къуватаб,къадру заг1ипаб,
Занал г1емерлъараб,г1акълу учузаб,
Г1адамаз г1ибадат г1арцуй гьабулеб,
Г1асру буго рагьдухъ гьоболлъухъ бач1ун.
***
Умумузул ракьал рокьоялъ рорцун,
Рацуда жанире рехулел руго.
Амма г1емерисез нухлуе кьолеб,
Мукъсанаб бук1уна ракьалъул бут1а.
***
Даг1ба-раг1и г1емераб,г1адлу-низам бихараб,
Хурзал-ахал ч1унтараб,гьабго кинаб замана?
***
Г1ерет1гун лъадае лъил лъади уней,
Лъазе к1веч1о дида гьелъул х1акъикъат.
***
Рек1ел къасдал лъалеб рентген ургъани,
Гъибат-бугьатаналъе ахир лъвинадай?
***
Г1умру кинан арабилан Бичас гьикъани,
Бугищ гьелъий жаваб,диналъул вацал?
***
Г1алих1ажиясул г1акъилаб калам,
Г1арац-меседалда данде ккунани,
Дагьабги къиматаб хазина буго,
Бусурбан чиясе кант1изе кьураб.
***
Кьураб садакъаялда хадув угьдани,
Ужра гьелъул дуе дагьлъизе буго.
***
Киг1ан г1емер заман г1адада холеб,
Хал гьабе бокьарас х1акъикъат лъазе.
***
Мух1кан гьеч1еб хабар ц1алк1ине лъунге,
Ц1адулъе нух лъолеб х1акъикъат бугин.
***
Цо-цоязул рак1аз росуларо г1адамал,
Г1айиб гьеч1онаниги ч1вала гьезда багьана.
***
Г1айиб кколарев чи чанха вук1унев,
Ккаралда рек1екълъун гьабун те тавбу.
***
Мац1ихъаби ругел рокьукъал чаг1и,
Чияде рогьо бан балагь ургъулел.
***
К1алзул ц1аги бакун цо-цо г1адамаз,
Г1ураб заралалъе нухал ургъула.
Рек1елъ х1узур гьеч1ез,ч1ух1и загьираз,
Ч1ван рехула иман,хвезабула дин.
***
Чиякълъи бихьугеги,унти лъагеги,
Ургъелал дагьлъаги,дин щулалъаги.
Щакдари т1аг1аги,г1амал лъик1лъаги,
Г1акълу камиллъаги,квен х1алаллъаги.
***
Г1узрабазул ц1ураб,рагъаз к1век1улеб,
Гъаримаб нилъер ракь,рах1атго гьеч1еб.
Гурх1ел-рах1муялъул раг1уларо сас,
Ругънал г1емерлъиялъ г1одулеб дунял.
***
Г1асилъаби ургъун Г1адамил лъимер,
Радалги-къасеги къурбаназда гъорлъ.
Къабих1ал ишаца биял г1одор т1ун,
Балагьазде вуссун къоялгин сардаз.
Дунял к1век1улезда к1очон тун буго,
Толаро нуж Бичас гьеб г1амалалда.
Г1умру нужор сог1аб бук1ине буго,
Божа нуж гьелда,жундузул т1елал!
***
Воре нуж г1едег1уге г1адамазда бугьтан лъезе,
Балагьалъул гьураца гьалаг гьаризе гурин.
Гьелдалъун нуж Аллагьас к1одо гьаризе гьеч1о,
К1алзул мунагь нилъее г1азабалъе батулин.
***
Гьал телефонаца г1ун бач1унеб г1ел,
Г1антал пишабазде гъорлъе ц1алеб куц.
Бицулеб,бит1улеб-бет1ер сверулеб,
Рек1ел х1ал хвезабун х1алт1и гьабулеб.
***
Жаниса бат1иял,т1аса цойгидал,
Цо-цоял ратула г1умруялда гъорлъ.
Г1адан ват1а гьавун г1ибадат гьабун,
«Г1акъилаллъун» х1алел х1илла-макруял.
***
К1алзул раг1иялъул «къуват» ц1ик1к1араб,
Бач1ун буго г1асру г1адамазухъе.
Рек1ел жах1да бахчун гьабула калам,
«Камилал» жалилан жиргъула цаби.
***
Гъурщазе бет1ер къулун,бечелъиялъе х1елун,
Чангияс жидер г1умру ч1ах1лъун бух1улеб буго.
***
Г1акълу-къаркъалаялъул къуват ккола,
Къадру-г1умруялъул борхалъи ккола.
***
Рукъалъул къадру хола
Къулкъул г1емерлъанани.
Г1адамасул сси хола
Сабру гьеч1ев вугони.
***
Унеб г1умруялъул г1едераб чвахи,
Чанас пикру гьабун рек1елъ ц1унулеб?
***
Щай нилъер рак1азулъ пахрулъи бугеб,
Пайда гьелъул гьеч1ин,ч1ух1дарулел щай?
***
Дунял зулмучаг1аз чурхъулеб буго,
Хъубал пишабаца ч1урх1улеб буго.
***
Г1акълу мукъсанасулгун накъит гьабуге,
Гьев зарде вахъуна,зулму ц1ик1к1уна.
***
Лъик1ав щив? Лъиениги зарал гьеч1ев.
Квешав кинав? Зарал ургъун гьабулев.
***
Лъеда ч1вараб ц1орол г1адаб хасият буго,
Хехго т1аса унеб нилъер г1умрудал.
***
Дун х1инкъула,х1акълъун абуни,
Х1акъикье кколеб жо лъийго гьабизе.
***
Рихьизе т1орахьг1адал,т1езе риди г1адал,
Ратула цо-цоял г1адамазда гъорлъ.
***
Росдал х1аримазул сипат хун буго,
Бокьа-бокьараца кверщелги гьабун.
Бегьуларин абун дибир к1алъала,
К1ва-к1варас ракьал «х1алал» гьарула.
***
Дица кумек гьабурав гьумер бук1к1ун к1алъала,
К1иабизеги дихъе вач1ине кколев г1адан.
***
Метерисеб къодул къисмат лъаларо,
Къо цебе бук1аго Бичасе х1еле.
Х1урал къасдал хьихьун къоял т1амуге,
Къолебин дур талих1 х1алхьуда ч1ани.
***
Х1илла-макру ургъун гьабуге даран,
Риба г1емерлъиялъ мунагь ц1ик1к1унин.
***
К1алзул пасих1лъиялъ гуккараб дунял,
Рек1ел пахрулъиялъ паналъараб халкъ.
***
Пикраби г1емер рук1уна рек1елъ женжелел,
Жеги маг1на жидер бич1ч1и зах1матал.
Х1ал рекъон къунц1ани къоял т1ад риччан,
Рух1 реч1ч1ун ц1илъула,лъик1ал лъугьуна.
Гьел къуват бижидал х1анч1и кинниги,
Х1ули дихъе рехун пархун роржуна.
***
Рах1атаб г1умру бокьи-г1акълудал роцен гуро,
Г1арац г1емераб бук1ин-г1узрабазе бусен лъей.
***
Чадил къимат хвараб къо бач1унгеги,
Ракъи-къеч,къварилъи нилъехъ щогеги.
***
Берцин рихьиялъе г1амалал гьари,
Г1адатлъун лъугьараб заман буго гьаб.
***
Рукъалъе хайираб цониги канал
Кинго батуларо телевизоралда.
***
Г1акълу камил гьабулеб,калам пасих1 гьабулеб,
Маг1арул мац1 ч1ахъаги,ч1аго даим хут1аги.
Харабаз нилъее тараб багьа к1удияб хазина,
Ясбер г1адин ц1унизин нилъерго наслабазе!
***
Унта-щокълъи г1емераб,г1арцуе наку ч1вараб,
Бач1ана т1аде г1асру г1умру учузги гьабун.
Гурх1а Аллагьин абун дуг1а гьабула дица,
Дунялалъе рах1му кье,х1алималлъун ниж гьаре.
***
Цоцал адаб тараб,тарбия хвараб,
Хиянат ва т1екълъи рак1алъ бахчараб,
Чадил къимат хвараб,хурзал ч1унтараб,
Бихьулищ нилъеде бач1араб заман?
***
Зулму къинабизе къуват кье,Аллагь,
Кьалул байдабазда т1угьдул раккизе.
Рекъел даимаблъун ракьалда гьабе,
Дуе лагълъи гьабун даим рук1ине.
***
***
Кверги,рак1ги ,г1акълуги данделъун,
Лъугьуна нилъер пикрияб къуват.
Къасдги,г1акълуги данде к1ут1ани,
К1удияб шиг1руялъул сурат лъугьуна.
Маг1на загьир гьабизе гьунар гьеч1они,
Г1адада заман хвей загьираб дуе.
Рек1ел жугьабазул жавгьар лъугьани,
Лъик1аб къимат кьола,къадру борхула.
Къалам квалквадунин гуро лъугьунел,
Рокьул сариналги,сонет,назмуги.
Сардал рорч1унилан гуро рекъолеб,
Къасдазул зигарди хъах1аб т1амчида.
***
Х1амзатги,Мах1мудги,Г1алих1ажиги,
Г1акълу камилазул борхалъи ккола,
Хур бекьун бак1аре шиг1рияб бач1ин,
Щибав ц1алдолесда кодоб бегьизе.
***
Дунги щвалде щварав шаг1ир гуревха,
Щаклъуге мун гьелда,дихъ г1енеккулев.
Дир къалмикьа арал цо-цо мухъаца,
Цо дагьаб пайда кьей буго дир мурад.
***
Тавбу гьабулелъул гьедизабе рак1,
Лъик1алде къасд лъезе,къадру ц1унизе.
Къабих1аб инжитаб рик1к1адги гьабун,
Мунагьал чуреян гьаре Бичасда.
***
Нахъасан гаргадулел г1емерлъун руго,
Г1адамал г1амалалъ учузлъун руго.
***
Рияъ,киб бук1араб, бицея дида,
Бугищ дие кьезе кьуч1аб дур жаваб?
***
Рихьдай какал рана,риба кванана,
Росдал г1адамазда г1айибал ч1вана.
Г1адамазда бихьизе г1амал гьабуге,
Г1адада заман ч1вай бук1уна гьелъул.
***
Налъуе г1арац кьезе воре нуж г1едег1уге,
Нахъ бусунеб замана манзил халатаб лълъунин.
***
Рагъул пикрабаца керенги бух1ун,
Рах1атхвей лъугьуна щибаб ригьалда.
Гьелъул ургъалица щоларо макьу,
Кьалуй ахир лъеян гьабула дуг1а.
***
Шагьидзабазул Ват1ан-т1адег1анаб Ах1улгох1,
Т1ухьидул гулида гъоркь кьог1лъи г1емер х1ехьараб.
Бах1арзаби муридал-Ват1ан ц1унун рагъарал,
Гъазаваталъул ах1улъ хвел гьеч1еллъун хут1арал.
Хириясул Г1алибег,Г1урк1ач1иса Муртаза,
Г1ашилт1аса Малачи,Г1орот1аса Саг1аду,
Сугъралъа Къокъав Г1умар,Рихьуниса Мух1амад,
Насибаб алжанги кьун Бичас к1одо гьареги.
Гьанир ц1арал рехсеч1ел т1олалго муридзаби,
Т1ерхьунарел ц1вабилъун г1асрабазе хут1ила.
Г1умру исламалъе кьун кьурабалъ нуж рагъана,
Кьуч1аб дин ц1унулаго шагьидзабилъун хвана.
***
Кинал улбулг1аги нужер рук1арал,
Жундузул г1амал кьун лъимал гьарурал?
Лъик1алде къасд лъезе лъай-г1акълу гьеч1ел,
Г1адамал рихарал,рагъ-кьал хириял.
Хиянат ирсалъе лъималазе кьун,
Лъола гьезий дарсал радалгин,къасе.
Къабих1лъи г1умрудал роценлъун гьабун,
Россия рихине ругьун гьарула.
Гьелъул пайда гьеч1о,зарал гурони,
Загьруял борхьазул бет1ер бухула.
Рагъуй квербакъизе кумек гьабурал,
Рагъул ц1аялъ рух1ун лъуг1изе руго.
Г1адамаллъун рук1а,бет1ер гьеч1еб къавм,
Макронил,Байденил накъит жибго тун.
Жужах1алде ине бокьун батани,
Нух бит1аги нужой,бидулазул т1ел!
***
Мац1алъул адаб гьабе адабият ц1унизе,
Авар халкъалъ нилъее аманатлъун гьабураб.
Амма гьелде к1вар кьезе заман нилъер г1еч1они,
Миллат т1аг1ине буго цоги наслуялъ хисун.
***
Рек1ел ургъел бикьун калам гьабизе,
Бокьун бук1уна дий гьеб бич1ч1улезе.
Гьанже пикрабазул ургъел гьабулел,
Кодор щолел гьеч1о,щиб бицаниги.
Батила гьелъие азарго г1илла,
Г1едег1араб г1умру рагьда бугелъул.
Рек1елгъей дагьлъараб,даг1ба г1емераб,
Г1асру бач1ун бугин нилъер къавуде.
Къимат гьанже сундул бугин гьикъани,
Бича-хисулелъул бугин абула.
Багьа-къимат хвараб адабиятги,
Дагьазе гурони ургъелго гьеч1еб.
***
Улкаго унтараб кинаб х1акъикъат,
Кодоб т1ехь ккурав чи вихьулев гьеч1ин.
Телефон,ноутбук киг1анги руго,
Рек1ел къасдал гуккун г1умру г1уц1улел.
Ц1али къимат гьеч1еб улка бугони,
Бергьуна жагьиллъи,божа гьелда нуж.
Лъай-г1акълу-къиматаб хазина буго,
Босе кьураб г1акълу-г1акъил ватани.
Свидетельство о публикации №225031000508