Тохлъизе рук1унге, диналъул вацал
Шайт1аби рекъараб батула чанги.
Чорокабги бокьун,бат1улабги ккун,
Камиллъилищ иман,пикру гьабуни?
Паризаяб жагъал тун, суннат ц1ехани,
Хайир бук1инадай динги балъаргъун?
Дунялияб бокьун,ахират к1очон,
Ахикьа х1алухъин нилъей щвеладай?
Щибго пайда гьеч1еб дунялги квегъун,
Какал разе заман нилъей щвеладай?
Шарг1алъ гьукъанщинаб къвалакье бачун,
Къабул гьабиладай гьабун тараб дин?
Тохлъизе рук1унге,диналъул вацал,
Даимаб жо гуро гьаб нилъер г1умру.
Нафсалъе бокьарал х1аялги ургъун,
Х1ураб г1амалги ккун г1адамалъ ч1оге!
Свидетельство о публикации №225032200561