Игьали росу ва гьелъул г1алимзаби
Чанго г1асрабаз ццидалго чвахулеб Г1андиг1урул раг1алда буго Гумбет районалъул росабазда гьоркьоб бущунго к1удияздасан цояблъун кколеб ва цебегосеб Игьали росу. Гьеб ккола г1адатияб маг1арул росу, амма гьелъул тарих бах1арчияб, бечедаб буго. Бицен буго, гьеб росдае кьуч1 лъунин чанахъабазилан. Росу ккураб заман бук1ун буго ихдал гъут1би т1егьалеб г1уж. Гьедин «Игьали» абураб ц1арги бач1ун бугин «т1егьалеб» абураб раг1удасанилан бицен буго. Цогидаб биценалда рекъон, абулеб буго тушманасда данде бахъунеб маг1арулазул бо рещт1унаанин гьеб росдал раг1алда бугеб «Эхелъ» абураб майданалда, гьенисан боялги рахъ-рахъалде рикьулаанилан. Г1андадерил мац1алда «игьало» абураб раг1иялъул маг1на «бо рещт1унеб бак1» абураб кколеб буго. Гьеб хадусеб бицен бит1арабги батизе ккола. Унго-унгоги, гьенир рещт1унел рук1ун ратизе руго боял, щай гурелъул гьеб бугелъул маг1аруллъиялъул бакьулъ бугеб бак1.
Росу машгьураб буго къуватал бах1арчиял г1адамаздалъун, лъабавго имамасул муридзабаздалъун, имамасул г1акълучаг1аздалъун ва ч1ах1иял, маг1арул росабалъ ва Дагъистаналдаго ц1ар раг1арал г1алимзабаздалъунги. Жакъа гьанир рехсезе киназулго гуро ц1арал лъалел. Рехсезин нилъедаго лъалезул ц1арал:
1. Саг1ид, Шамилил имамасул г1акълучи ва наиб. Саг1ид вук1ун вуго к1удияв г1алимчи, гьев ц1алун вуго г1емерал г1алимзабазда цеве. Ц1алун вуго Гьарак1униса Саг1идида цадахъги (Саг1идида цеве ц1алун ватизеги бегьула). Саг1идица наиблъи гьабун буго Гертмаялда, Гуниялда, Гьамущиб, Мущулиб … Шамил имамлъун ккедал, гьев вит1ун вуго наиблъун Чачаналде. Гьенив, къадаралде щун, вукъунги вуго. Гертмаялда наиблъун вугеб заманалъ Саг1идица гьениса ч1ужу ячун йиго, ва гьелъие гьавун вуго вас, -Ух1ума. Х1амзат имам шагьидлъидал, имам вищиялъул суал бач1араб мехалъ, г1алимзабазул ва рагъул церехъабазул данделъиялда имамлъиялъе ц1ар ч1вала Саг1идида. Инкар гьабун жо кколареблъи бич1ч1арав Саг1идица гьеб къабул гьабула. Хадуб, К1иго саг1аталдасан гьес к1алъай гьабула:
- Гьанже нуж дихъ г1енеккизе ккола, дун г1олохъанлъиялдаса ригь арав чиги вуго, кинабго рахъалъан имамлъун вук1ине Шамил мустах1икъав вуго, - абун.
Шамил имамлъун теялъе фатих1а рехула, ва киналго гьелда разилъула. Гьедин батила, Саг1идида 2 саг1аталъул имамилан абулебги бук1араб. Т1адехун бицаралъе нуг1лъи гьабула Игьалиса Бияхъайил Чупаласул «Цересел бах1арзазде» (Дагъистан хараблъидал) абураб назмуялдаса мухъаз:
Ункъабго ибнух1ажар х1ухьбан жинца гьекъарав,
Х1амзат шагьидлъун ккедал, Шамил имамлъун тарав,
Гъазимух1амадица дин аманат гьабурав,
Игьелдерил хан Саг1ид хваравин Чачаналда.
2. Саг1идил вас Ух1ума - г1алимчи ва имам Шамилил бодул нусилбет1ер. Игьелдерилги мадугьалихъ бугеб цойги росдалги «Лагъу» мег1ер сабаблъун даг1ба ккун бук1ун буго, ракьул г1урхъи сабаблъун. Мадугьалзабаз абун буго Игьалиса г1алимчи Г1аликъади жидер бугин «Лагъу» мег1еран гьедани, жидер даг1ба лъуг1илилан. Киг1ан гьедизе аян росдаца гьараниги, мух1канлъи гьеч1еб жоялъе жинда гьедизе к1оларинги абун, гьев гьениве гьа базе ун гьеч1о. Гьев х1ажатавлъун ккун вуго росулъа нахъе ине. Гьедин ккедал, гьениве гьа базе вит1ун вуго Саг1идил вас Ух1ума. Гьа базе инч1огойилан Г1аликъадил ккараб къисматги бихьун, Ух1умайица гьелъие ургъун буго, жиндего х1акъ кколареб гьадинаб сих1ру: Игьелдерил жамаг1аталъул бук1иналда рак1 ч1араб бак1алдасаги босун, бан буго жиндирго к1иябго хьиталда жанибе ракь. К1иябго жамаг1аталъул вакилзабазда ва ханасул буюрухъал т1уралев чиясда цеве, «Гьаб дун т1ад ч1ун вугеб ракь игьелдерил жамаг1аталъул бук1иналъе дун гьедулев вуго» - ян абун буго. Гьес гьа бан бахъиялда цадахъго, цо борхатаб ганч1идеги вахун, дов Т1анусиса ханасул вакиласги ах1анила: «Рач1ч1 халатаб т1алу Т1анусдерие, т1олго Лагъу мег1ер Игьелдерие абун». Гьелдаса нахъе Игьелдерил муг1рузда гьоркьосан бищунго беццулеб Лагъу мег1ер Игьелдерицаги гьелдасаги лъик1аб Рач1ч1 халатаб т1алу Т1анусдерицаги х1алт1изеги гьабулеб буго.
3. Гичебег, Саг1идил васасул вас - к1удияв г1алимчи. Гичебег вук1ун вуго бакъ-моц1алъул ва цогидабги г1елму лъай бугев чи. Гьесул рук1ун руго жакъа къоялде щвезег1анги нахъе ц1унарал: куракул ц1улалъул гьабураб глобус, байрахъал, печатал ва цогидабги. Гьединго Гичебег вук1ун вуго муг1рузул росабалъ ц1ар раг1арав гугарухъан.
4. Г1аликъади шайих. Жамаг1аталъе бокьарабги гьабун, мух1канлъи гье1еб жоялъе гьа бач1елъул, росу тун ине ккедал, ун вуго Кьохъе. Г1аликъадица гьениса ч1ужуги ячун йиго. Гьенивго къадаралде щун, вукъунги вуго. Буго Кьохъ гьесул зияратги. Шамил имамас, гамач1ги гиризе биччан, гьеб гамач1 ч1араб бак1алда Г1аликъади шайихасе бараб х1ужра рукъги буго Игьалиб. Гьеб гьанже Игьелдерил хабзалазул ракьалде жанибе ккола.
5. Г1умарапанди. К1удияв г1алим ва имамасул г1акълучи. Росдае дибирлъи гьаби доб заманалда зах1матаб масъала бук1ун буго, гьединлъидал гьеб Г1умарапандида т1адги къан буго. Дибирлъи гьабурав чиясе кьолеб бук1ун буго, жамаг1аталда гьоркьосеб бак1алдаса т1езабун, гьев разияб ракь. Гьедин «Сверуда нахъа» абулеб бак1алда кьун буго Г1умарапандие ракь. Гьесул вук1ун вуго лъабго вас: Мух1амад, Апанди ва Муртаза абун. Гьел лъабалгоги г1алимзаби рук1ана. Г1умарапандил вас Мух1амадица гьениб г1езабуна пихъил ах. Нухлулаз гьелде абулаанила «холарев чиясул ахилан». Гьеб ахикье ва минаялъубе рагьулеб кавуялда хъван бук1ун буго: «Г1елмуги т1аг1амги бокьарав чияс рагьизе ихтияр буго», - абун.
6. Жах1барил Ибрагьим. Ц1алана г1елмуялъе Ц1ат1анихъа Г1амиргун цадахъ. Гьес жиндирго вас Мух1амадкамилги ц1ализавун вуго, к1удияв г1алим вахъиналъул мурадалда. Мух1амадкамилил эбелалъ абулаанила вас «жамиялде» вахараб мехалъ, Ибрагьимица гьесие чуги босанин, ч1ужуги ячанин, т1ахьал росулел рук1ун, щибго гъоркь ккезе толеб гьеч1ин абун. Гьелда бан, Ибрагьимица абулаанила ч1ужуялда нилъер 4 лъималаздасан 2 гурони рикъзи кколел гьеч1илан, гьедин ккунги буго.
7. Жах1барил Ибрагьимилги Г1ащалги вас Мух1амадкамил. Гьев вук1ун вуго 3 яцалда гьоркьов вугев цо вас. Гьесул рук1ун руго ч1ужуги ясги. Сталинил репресиялъул заманалда НКВДялъул х1алт1ухъабазул щаклъи ккун буго Игьали росулъ х1укуматалда данде ч1арал диниял х1аракат чаг1и рук1иналда. Гьел росулъе рач1ун руго ва Султанмух1амад абулев ц1ц1аназул вехь, махсародеги ккун, гаргадизавун вуго. Гьесда гьез рицинарун руго гьезул ц1арал. Гьез Султанмух1амадие т1адкъай кьун буго гьезул данделъи гьабизе. Гьесул рак1ч1ун бук1ун буго гьел г1адамаз щибго квешаб жо гьабулеб гьеч1илан. Данде рак1араралъуса ккун рачун ун руго: живго Султанмух1амад, Тажудин, Исупил Мутаг1илун, Валих1асан… ва гьездаго цадахъ вук1ун вуго Мух1амадкамилги. Туснахъалдаса вуссиналде ясги хун йиго, 10 сон Мух1амадкамилица т1ад вуссинч1ого бараб мехалъ, эбел - инсуца нахъе ячун йиго гьесул ч1ужуги. Гьев вук1ун вуго г1олохъанчи, Тажудингун цадахъ Аргъванив г1елму т1алаб гьабун ц1алулевги вук1ун вуго. Гьел г1алимзаби рит1ун руго Воркута шагьаралде, рохь къот1улеб бак1алде. Цадахъ рук1арал, Мух1амадкамил хут1изег1ан, киналго т1адруссун руго. Гьез гьениб, бицанихъе, 5-6 сон бан буго. Мух1амадкамилида цадахъ вук1арав мунуса чияс кагъат бач1ун буго г1арабалъ хъвараб. Гьес хъвараб кагъат ц1ализе лъалев чи росулъ хут1ун вук1ун гьеч1о. Кагъатги босун, ц1ализабизе Кьохъе ине ккун руго. Кагътида хъван батун буго гьес жинда Турциялде ине рак1алда бугилан. Гъовго мунусесул биценалда рекъон, гьев лъелъан росизе риччарал ч1алабазда г1арабалъ хъвадарулев вук1ун вуго. Гьеб ц1ул Турциялде бичизе унеб бук1ун буго. Ч1алабазда гьабураб хъвай-хъваг1аялъе Мух1амадкамилие жаваб щун буго. (гамаялда яги вагоналда бач1ун батила). Жаваб щваралдаса хадуб, хъаравуласда вихьиларедухъ Мух1амадкамил ч1алабазда цадахъ лъеца восизе виччан ун вуго, ва жинда гьев т1ок1ав вихьич1илан бицун буго гьев чияс. Гьанже Сывктывкаралда ругел росуцоязда т1ад къан бук1ана гьеб ишалъул архивалдасан ах1вал - х1ал ц1ехеян. Гьениб хъван батун буго гьев араб бак1 лъач1ого т1аг1анилан. Гьанже мух1канлъун буго гьевТурциялда вук1араблъи ва гьесул лъималги нахъе рук1ин.
8. Сайгидух1умайил вас Бибулат. Гьев вук1ун вуго лъик1ав г1алимчи. Ищт1ибури росулъ чанго соналъ дибирлъи гьабун буго, гьениса ч1ужу ячун йик1ун йиго гьес. Г1алимзабазул интих1амалда гьес кьурал лъик1ал ва къокъал жавабазул х1асилалда лъик1ав г1алимчилъун рик1к1ун вук1ун вуго. Жаниве лъугьунаго гьесие суал кьун буго «лъица» - абун. Бибулатицаги суалалда рекъараб жаваб кьун буго: «Вугони - варисас, гьеч1они - дица» абун. Бибулатил вук1ана к1иго вас: Мух1амад ва Эсенбулат. Ищт1ибури вук1аго, къот1нове вортун, г1емераб заман бахъилалдего, къадаралде щун вуго. Игьалив вукъун вуго гьев. Бибулатил васал Эсенбулат ва Мух1амад Ищт1ибурире индал, гьев вортараб къот1носан инч1ого, к1удияб свери бахъун унел рук1ун руго къвариг1ел т1убазе.
9. Х1амзатх1ажияв. Гьев вук1ана 2-го нухалъ х1ежалде арав к1удияв г1алимчи ва Гъазимух1амад имамасул мурид. Бицен буго, гьесда х1ежалда макьу бихьун бук1ун бугилан. Гьеб макъу къот1ун буго гьесие вас гьавилилан. Гьес Багъдадалдаса г1емерал т1ахьал рач1ун рук1ун руго. Х1амзатх1ажияс вас ц1ализе Дагъистаналъул бат1и-бат1иял г1алимзабазухъе вит1ана, ва васасул к1удияв г1алимчи вахъинавуна.
10. Х1амзатх1ажиясул вас Сулайман дибир. Гьавураб заман г1ага-шагарго1865-1870 с. Сулайман 1903 соналъ Дагъистаналъул г1алимзабазда гьоркьоб т1обит1араб интих1амалда бергьун вук1ун вуго, ва гьениб щвараб «свидетельство» жакъаги нахъе ц1унун буго. Гъумекдерил Кули абулеб росулъа 12 гьобоялъул бет1ергьанас васигат гьабун тун бук1ун буго гьел гьабаздасан щвараб хайир г1араб ц1алулел мутаг1илзабазе кьеян. Гьабигьанасул васас бан буго мадрасаги, гьенир мутаг1илзабиги тун руго. Гьес жинцано мутаг1илзаби хьихьулел рук1ун руго. Лъик1ав муг1алим валагьулаго, гьесухъе Сулайман щун вуго. Нухда ккезабизе к1олареб суалги гьесухъе бач1унаанила сверухъ ругел росабалъаги. Г1олохъанав, гъваридаб лъаялъул г1алимчи рик1к1адаса гьаниве вачин гьезул ц1аларал чаг1азе рек1ее г1ун гьеч1о. 48 сон гурого г1умрудул гьеч1ев Сулайман, чохьол унтиги бахъун, 1910 абилеб соналъ гьенив къадаралде щвана ва Кули росулъ вукъунги вуго. Цо-цояз абулеб бук1ун буго гьесие загьру кьунилан.
11. Бияхъайил Чупалав. Бияхъайица жиндирго цо вугев вас Чупалав вит1ула доб заманалда ц1ар раг1арал г1алимзабазухъе ц1ализе Къороде, Аргъваниве, Гьолокье, Къудукье, Гьарак1униве. Жиндирго хъвай-хъваг1аязда рекъон, Чупалав гьавуна 1877 соналъ. 1937 с. ккун унеб мехалъ Чупаласул бук1ана 62 сон. Жеги дибирасе х1ажалъулеб фикъгьи г1елму ц1алилелдего, Игьелдерил жамаг1аталъ г1олохъанав Чупалав вищула росдал дибирлъун. Гьес дибирлъи гьабула чанго соналъ. Гьелдаго цадахъ советалъул секретарьлъиги гьабула гьес.
Гьеб фикъгьи жинда малъеян Чупалас гьарула жиндирго инсул вацг1ал-ц1аларав чи Гичебегида. Гичебегица инкар гьабула, цевего ц1алулев вук1ине вугоанилан, саяхълъуда вук1инч1ого. Гьебмехалъ Чупалав уна Инхове Шихсаг1идх1ажихъе, гьесулгин къот1и-къайги гьабун, игьелдерил мажгиталда аск1об гьесие х1ужраги бан, дибирлъи гьабун щварабщинаб мухьги гьесие кьун, Чупалас Шихсаг1идх1ажидасан ц1алула фикъгьиги цогидаб динияб г1елмуги. Шихсаг1идх1ажица Чупаласда абулеб бук1ун буго к1ал дур бокьилаанин, г1елму дирго бокьилаанин. Гьелъ бицуна Чупалав к1алъазе махщел бугев чи вук1ин. Чупалав машгьурав вуго пасих1ал мавлидал, туркаби, шиг1раби гьариялдалъун.
Гьит1инаб мехалъ, гьоболасул танчида квалквадилаго, гьеб ц1ун бук1инги лъач1ого, кьвагьун бач1араб ц1улал гулла бадиб щун, бортизабун г1одобе бач1ун буго цояб бер. Цояб бер гьеч1ониги, гьев вук1ана ц1акъго чорхолъ вит1арав, къуватав, лебалав, къвак1арав чи. КГБялъул архивалда бугеб Чупаласул личное делоялда хъван буго, ккун вук1анин ОГПУ-ялъул органаз 29.07.1937 с. гьесде г1унт1изабулеб г1айибги бук1анин гьес колхозалде данде ч1араб агитация гьаби, динияб рахъ борхизабиялъе г1оло къеркьолаанин. НКВД-ялъул х1укмуялда рекъон, 1937 соналъул 23 октябралда гьесие ч1азе къот1ана ва 23.12.1937 с. гьеб х1укмуги т1убазабуна.
12. Гугьарил Г1исах1ажияв ва Г1али. Гьел рук1ун руго к1удиял г1алимзаби. Холел соназ цебе к1удияб ригьалде вахарав Г1исах1ажияв, жида цеве ц1алула вугев мутаг1ил Тажудинихъе рокъове вач1улаанила гьесие дарс лъезе. Дудаса дийго х1ажат бугин кирийиланги абун.
13. Тажудин гьавуна 1904 с. Гьев вук1ун вуго гьит1инаб къоялдасаго г1елму ц1аларав, к1удияв г1алимчи. Тажудиница къураън ц1алана Гъагъалъа Муртазаг1алида цебе. Бицен буго Тажудиница г1урул раг1алда къуран ц1алулеб мехалъ, г1ор ч1олеб бук1анин абун. Ц1ик1к1арасеб г1елму гьес ц1алана Игьалиса Г1исах1ажиясда цебе. Гьединго Тажудин ц1алана Аргъваниса Хъазамих1ажида цевеги. Тажудиница абулаан, г1елму т1алаб гьабулаго, гьал сверухъ ругел росабалъ жинца риди хвеч1еб бак1 батиларилан. Тажудинида лъалеб бук1ун буго авар, г1араб гуребги, г1урус, ингилис цогидал мац1алги. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьесул гьабсаг1аталдаги нахъе ц1унун ругел т1ахьаз. Русско-арабский словаралда ратарал гъалат1ал рит1изе гьаридал, Тажудиние словаралъул автор Щербатовас сайгъат гьабуна ц1игьабун басмаялда бахъараб словарь. Гьеб т1ехь буго гьабсаг1атги нахъе ц1унун. Тажудинил т1оцеесей ч1ужуялъулгун руго 2 вас: Мух1амад, Ах1мад ва яс Г1арипат. Мух1амадги ккола г1алимчи. Гьев г1умру гьабун Дубкиялда вуго. Дубкиялъул жамаг1аталъул гьариялда рекъон, гьес гьениб дибирлъи гьабулеб буго 9-10 сон. К1иабилей ч1ужуялъул руго 3 яс-Пат1имат, Хадижат, ва Рашидат гьединго вуго вас Х1асанги. Киналго лъимал ва гьезулги лъимал, г1алимзаби рахъинч1ониги, руго г1елму бокьулел, г1алимзабазул, устарзабазул адаб-хатир бугел г1адамал. Пат1имат ва Хадижат ккола росдал руччабазул церехъаби. Дол х1укумат бахъулел зах1матал соназТажудин вук1ана ккун ун НКВДялъ. Ккун арал росуцоялгун гьев вит1ана, 10 сонги кьун, Воркутаялде. 4-5 сон гьез гьениб бараб заманалъ хвана Сталин, амнистиялде ккун, Тажудин вач1ана т1адвусун росулъе. Нахъеги ккуна Тажудин, г1емераб г1акъуба-г1азаб бихьаниги, гьенисаги т1ад вусана гьев. Тажудин накълулъараб къоялъул радал, мадугьал Хадижатида гьев ватула къот1нов г1одовги ч1ун. Гьесдаги к1алъан, гьей ун йиго жиндирго къвариг1елалъ Унсоколое. Къвариг1елги т1убан гьей ун йиго Устарасул Мух1амадг1али абулев г1алимчиясухъе. Гьев гьелда ватун вуго как балев. Щибин гьаб заманго щвелалде балеб какан гьикъун буго гьелъ. Мух1амадг1алица абун буго нилъее к1удияб ками кканилан, Тажудин накълулъанин, гьес жиндаса жаназаялъул как баян бач1ун, гьеб балев вук1анин абун. Хадижатица г1ажаиблъи гьабун буго кинин, радал къват1ие лъугьунеб мехалъ къот1нов г1одов ч1ун тун вук1арав гьев холевилан. Росулъе щведал гьелда мадугьалихъ маг1ирукъ батун буго.
Игьелдерил г1алимзабазул сиях1 гьалда лъуг1уларо. Гьаб буго къокъаб заманалда жаниб гьабураб ц1ех-рехалъул х1асил.
Свидетельство о публикации №225041801457