Росдал тарихалъул т1амчаздасан

                ЦЕБЕРАГ1И


 
   Дагъистаналъул  муг1рузул киналго росабиго г1адин , Игьали росуги буго къваридал к1ич1-к1ич1арал къват1азул, к1удияб т1алда г1ажаибго махщалида баораб росу. Росда  т1аса бугеб Х1асанил кьурда т1аде рахани, рихьула росдал киналго авалазул къват1ал, т1окъаби , цоцада т1ад гьарурал минаби.Гьенисан балагьарав чиясда пикру гьабизе бач1уна гъваридго кьалбал риччараб, жиндилъ умумузул махщелги, г1акълуги, пикру-анищги ва зах1мат бокьиги босун бугеб балъгояб лах1заталъул.Гьенисан рихьула росдал беричал ахал, хурзал, махлъал , кьураби, гьалагго чвахулеб Г1анди г1ор.Рихьула  росдал хабалаби, басриял рехун тарал минаби, К1удияб Ват1анияб рагъдаса руссинч1езул х1урматалда Эхелъ годек1аниб эхетараб обелиск,школа, ясли-ах, администрацииялъул мина, амбулатория…
    Дагъистаналъул киналго росабазулго г1адин, Игьали росдалги буго бечедаб, ц1акъ цебегосеб тарих.
   Тарихияб г1елму бечелъиялъе, къвариг1арал х1ужаби археологаз ракьулъа ралагьула. Гьаб росдал тарихалъе къвариг1арал г1емерал х1ужаби нижеца данде гьаруна ч1агоял г1адамазул кумекалдалъун ва бат1и-бат1иял авторазул т1ахьаздасан.Росдал тарихалъул  г1емераб заманаялъул х1ур т1аде кун рук1арал х1ужаби баян гьаризе нижее к1удияб кумек гьабуна мунагьал чураял Хъазамбиев Мух1амадил, Дарбищмух1амадов Г1абдурах1манил нахъе тарал хъвай-хъваг1аяз, амма жиндир заманалда т1алаб гьабич1ого тараб росдал тарихияб хазина хабалъе ана. Аралда  хадур хапдон хайир кьоларин абула умумуз.
   Гьаб жиндир тарих хъвалеб росдал жаниблъи буго бер г1орц1улареб берцинаб т1абиг1аталъул бак1. Цоц1ул бихьарасда к1ола  Игьали росдае х1акъикъияб къимат кьезе…
   Цересел биценазда рекъон, Игьали росу буго 12 росдадасан г1уц1араб. Гьелъул г1орхъалаби цолъулел росаби ккола : Ингишо,Ч1икь, Т1аса Инхо,Гъоркьа Инхо, Гьарадерихъ, Г1оч1ло,Колоб,Ишт1ибури, Инк1валит1а, Хъах1абросу,Г1ашилт1а, Ч1иркъат1а ва Г1арахъмег1ер абулеб бак1алдасан-хунздерилгун.
   Г1ага-шагарго росу данде гьабун ун буго 1200 сон, гьелъие х1ужалъун ккола , росдада сверухъ хабалалъ ратарал бат1и-бат1иял т1аг1елал. Дагъистаналда бусурбан дин баккилелде рук1арал г1адал руго гьел хабалалги, рак1алде ккола, гьел яги «язычниказул», яги христианазул ратилилан.
   Абулмуслим шайхас маг1арухъ исламияб дин т1ибит1изабуралдаса, гьеб динги ц1унарал ва гьелъул рахъги щулаго ккурал чаг1и руго игьел.Мисалалъе, цойги росабалъ мажгитал хвезарулеб заманаялъ, игьелдерица ,хвалиего, харил склад бугиланги  абун, жаниб цо-к1иго маг1ардаса харил магьги лъун, т1аде к1улалги ран, бац1адго ц1унана  Аллагьасул рукъ.Цойгидал росабалъ гьанжего-гьанже мажгитал разе лъугьиндал, игьелдерица к1улал рич1ана ва лъик1аб ремонтги гьабун рагьана гьеб. Гьебго заманаялда Акуда мажгит абулеб бак1алда росдал жамаг1аталъ  диналъул  иш т1убалеб бук1ана. Гьабсаг1ат росулъ буго цо к1удияб, 6 авал мажгит, ункъго къулг1а,  , Ц1аналъ, Лъанлъари ва Кунзахъ росабиги малъун, 2 мадраса.
   Игьали  буго 900 ц1араки, 3000 г1анасев чи. Росулъ буго 1 участковая больница, 1 амбулатория, цаби-г1усал къач1алеб пункт, 44 муг1алим х1алт1улеб , 400 г1анасев ц1алдохъан жаниб ц1алулеб  гьоркьохъеб школа ва пришкольный интернат, ясли-ах.
   Дагъистаналъул эркенлъи ц1унун гьабулел рагъазулъги тана игьелдерица  бечедаб лъак1. Гендерил къварилъухъ Гъазимух1амад имам ч1валеб мехалъ гьесда цадахъ шагьидлъарал к1иго росуцоясулги буго занида ц1ар.
   Шамил имамасда цадахъ байрахъ щулаго ккурал ц1ар раг1арал:Саг1ит,Магьдил Х1ажияв, Абал Мух1амад, гьелги ккола Игьалиса. Бицен буго Ах1ул гох1да цо къоялъ 60 г1анасев чи шагьидлъанилан. Имамасул шариг1ат билъанхъизабулев чилъун вук1ана Игьалиса божарав кумекчи Мух1умирза,байрахъулав Ах1мадилав…
   Гьелдаго цадахъ, росу машгьураб буго ц1аларал чаг1аздалъун: Саг1ит, Сулаймандибир,Г1умарил Мух1амад,Чупалав,Гичибег,Шарапудин,Г1умар,
Г1аликъадишайих,Г1исах1ажияв,Мух1амадкамил,Муртаза, Г1умарапанди,Сапарча Г1умар,Тажудин,Парис,Сурхайил Жамалудин,Шарапудинил Мух1амад,Г1али,Мух1амад ва гь.ц.
Гьезда гьоркьовги ц1ар раг1аравлъун ккола  Г1аликъади-шайих, гьесул хобги, зияратги буго Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ,Валих1асан шайхасул хоб буго Игьали росулъ…
  1904-1905 соналъ Япониялъул рагъдаса шапакъаталгун вуссана  Нуридин.Гьесие Аллагьасул къадар щвана 1977 соналъ, г1умруялъул гьесул бук1ана 100 сон.
   Гьединго 1941-1945 соназ Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъана 200-го г1анасев игьалисев,гьездасан 80 чи нахъ вуссинч1о. Ват1аналде т1аде къо ккарал зах1матал соназда рагъде арал,амма нахъ русинч1езул ц1арал мармаралда хъвараб обелиск буго росу бакьулъ.
   Сверухълъиялдаго лъала Игьали  росу бечедаб бук1ин махщелчаг1аздалъунги. Г1адамазе х1ажатаб устарлъиялъул гьениб камураб жо гьеч1о. Маданияталъул рахъалъги кидаго цебесеб кьерда бук1ана Игьали росу.
   Аби буго «Лъабго нухалъ т1ат1ала кеч1 ах1еян абун, кеч1 ах1уларев чи Игьалив гьеч1илан». Авар мац1алда ах1улел куч1дузул г1емерисел нек1сиял бакънал руго игьелдери бакъанчаг1аца хъварал.
   Т1оцебе маг1арул мац1алда радиоялдасан Дагъистаналда кеч1 ах1ана Игьалиса Г1арашил Г1умарица.
   Лъида раг1ич1ел Сайгидсалимил,Каримх1ажиясул, Г1адуханил,
Х1ажиах1мат1ил,Гъазичуласул,Магьдил Мух1амадил,Г1алибулатил,
Ух1умагъазил, Сайпудинил куч1дул. Гьезул гьаракь къвине биччан гьеч1о жакъаги,Чукъулаев Мух1амадица,Асх1абг1умаров Муртазаг1алица, Шайдханов Муртазаг1алица,Шихаг1амиров Мух1амадица ва хадур г1олезги. Росулъ г1емерал руго саринчаг1и ва  шаг1ирал, республикаялъул ва районалъул газетал-журналазда г1емер рахъула гьезул куч1дул ва асарал   Гьеб цебе баян гьабуралда т1аде жубазе бегьула росдал, г1адатал ва рук1а-рахъиналъул  хаслъаби…
   Бицен буго игьел хиянат гьеч1ел, гьоболасе рит1ухъал, дин ц1унарал, к1удиязул адаб бугел, бикъа-хъами гьеч1ел, х1алихьалъиялде данде рагъ балел, х1акъикьа х1инкъулел чаг1и ругилан.
   Бищунго дин гьукъараб заманалда Унсоколо интернаталда ц1алулел рук1арал  Игьалиса васазда  киг1ан  хадур ч1аниги, как тезабизе к1ун гьеч1о, цо-цо росабалъ к1ал кковулъ чи хвараб бак1алда ,къад мех бук1аниги, зигараялъ рач1арал г1адамал кваназе рачунаго, игьел жалго теян абулаан, гье к1ал биччалареблъиги лъан.
   Гьанжеялдаса 40-50 соналъ цебе Буйнакск шагьаралде щварав мехалъ, гьоболасул ч1ужуялъ бицаралдасан :«Росги рокъов вук1инч1ого, Игьалиса, росги ц1ехон вач1арав чиясухъе, гъов лъалев гьеч1ониги, 300 гъурущ кьунилан. Дун гьимидал, гьелъ абуна: «Игьалиса  чиясгийищ  рек1к1 гьабулеб  ?»-ян.Гьоркьоб заманго иналде, гьениве щварав дица ц1ехана: «Гъоб налъуе кьураб г1арацалъул щиб ккарабилан?
«Моц1 иналде нахъе бач1ана г1арац»-ян абуна гьоболалъ.
   Бараб ах1улъги, ах1араб болъги, цоцалъ гъункарал, рух1алда барахщич1ого цере к1анц1улел г1адамал руго росдал.
   1993 соналъ Гьарадерихъан,Инхосан рек1ун бач1ун ц1еца игьелдерил рохьобе щвараб ц1а росуго бахъун сордо-къоялда жаниб свинабуна.
   Г1орда т1асан кьоял лъезеги, гьеч1елъусан нухал рахъизеги игьел махщел бергьарал х1алт1ухъаби руго. Гьарак1унисан Буйнакскиялде нух бахъулаго, гьерек1дерил ракьалдасан игьелдерица, гьанжеялдаса 60 соналъ цебе бахъараб нухалда «игьелдерил свериян» ц1ар лъураб бак1 буго. Гьеб бахъулаго гьерек1дерица игьелдерида лъазабун бук1ун буго кваназе ва гъоркь-т1ад базе жо босугеян, гьеб  жидеца ч1езабизе бугилан. Гьелъие г1илла бук1ана цебе Гьарак1униб росулъ вабаъ( къавуда унти) багъарараб мехалъ, игьелдерил г1олохъабаз рачел къана ва гьеб росдал г1адамазе  кканщинаб кумек гьабуна.
    Гьарадерихъе нух бахъулеб мехалъги , бищун к1удияб свери игьелдерица бахъараб буго. Цере рехсарал росабазулгун к1удияб г1орхъи бугониги, я ракь, я цойгидаб жо сабаблъун цониги росдалгун игьелдерил даг1ба-раг1и ккеч1о.Къвариг1ел гьеч1ел жал гьарунгурт1иялъ, цо-цоязул боц1и-панз  гъорлъ жубаниги, кинабниги г1унгут1и гьезулгун кканиги, игьелдерица гьел росабазулги, гьез игьелдерилги адаб хвезабич1о.
   Шарг1ияб къаг1идаялъги, исламияб диналъ бихьизабухъе, бихьиназул адаб ц1унарал руччабиги руго игьелдерил. Росулъ гьарулел тадбиразда, данделъиялда бихьинал ругеб бак1алде руччаби къаларо. Бихьиназ гьабураб х1укму, абураб раг1и гьез къот1уларо.
   Жалго сабурал, ях1 бугел, жидерго рецц-бакъ къанаг1атал рук1иналъ ратила игьел къват1и-къват1ирег1ан г1емерго загьирлъун гьеч1ел. Гьелъие х1ужалъун ккола , киг1ан г1емераб ц1ех-рех гьабунаниги, росдал х1акъалъул хъвараб жо ц1акъ мукъсанаб гурони гьеч1олъиялъ. Жидерго лъугьарал гьунаразулцин г1агарлъиялъ цоцахъе кьун ц1унун гурого, кибниги тарихияб хъвай-хъваг1аязулъ гьеб мукъсанго гурони дандч1валаро.
    Хасго г1ун бач1унеб г1елалда рак1алде ккола гьаб росдал ва т1абиг1аталъул ч1аголъи хисич1ого унеб бугилан ва кидаго гьадин бук1ун батилин. Гьезда цебе кванил ва рат1лил рук1арал къварилъалабазул бицараб мехалъ, гьез абула:  «Хинк1-чед ва партал г1арацги кьун, тукабаздаса щай босулареб бук1арабилан». Гьединлъидал рак1алде ккола, хасго гьединазе, гьаб росдал тарихалъ цебе араб г1елалъул-умумузул зах1матаб ва бах1арчияб г1умру лъазе  кумек  гьабилилан ва гьанжесеб г1умруялъе, цебе бук1аралде данде ккун, къимат кьезе лъалилан. Хьул буго, гьаб росдал тарих ц1алиялдалъун, умумузул рук1арал г1аданлъиялда, бах1арчилъиялда, зах1мат бокьиялда, адаб-хъатиралда, ват1ан бокьиялда хурхарал бак1азда т1ад пикру гьабун мунпаг1ат босилилан, г1умруялда гьел лъик1ал рахъазе мустах1икъаллъун, умумул рохизарулеллъун ва нилъер к1удияб гьайбатаб ват1аналъул мустах1икъал ирсилалъун рук1инилан.


Рецензии