Байбихьи

               

   Бат1и-бат1иял миллатазулаб, г1адатазулаб, гьунаразулаб нилъер муг1рузулаб Дагъистаналъул ракьалда г1емер дандч1вала ,ц1ияб г1умру г1уц1иялъул тарихалъулъ, т1ок1 рорч1арал гьурмаллъун лъугьарал хвел гьеч1ел гьунаралги, гьайбатал лъугьа-бахъиналги, бат1и-бат1ияб рук1а-рахъинги ва миллатазул  г1умруялда рорцун нахъе ц1унарал г1адатал ва тарихиял х1ужабиги.
   Гьел лъугьа-бахъиназулги, гьунаразулги, рук1а-рахъиналъул г1уц1абазулги мух1канал хъвай-хъваг1аял кодоре щвей, къо бахъанаг1ан къанаг1алъун бук1иналъ, цересел тарихчаг1аз г1адин, г1елалъ-г1елалъухъе кьолаго  ирсалъе щвараб , жиндеги халкъияб тарихияб нуг1илан абулеб(документ), харабазул бицен ва аралъул хут1елалдаги г1ей гьабун тезе кколеб буго. Щибаб шагьар, росу,кули,-мархьуялъул батула жиндирго хассаб тарих, къисмат, маг1ишатияб цебет1ей ва гьанжесеб бук1инесеб, гьел рижиялъе ва рихиялъе г1иллабиги. Цоцазда релълъун бук1ун гьеч1о гьеб цебе ва гьанже хисунги унеб бугеб. Щибаб миллаталъул г1адамазул г1умру гьабиялъул къаг1ида цо хасаб гьумер бугеблъун лъугьун бук1иналда божилъи гьабизе бегьула гьадинал пикраби х1исабалде росани.
   Жидеего г1умру гьабизесеб бак1 т1аса бищулаго, цо-цояз т1аса бищун буго, киналго рахъаздасан санаг1алъалаби ругеб, т1абиг1ат берцинаб, ракьал, рохьал, лъимал гьарзаяб,муг1рул г1ат1илъи г1агарда бугеб, мадугьаллъи гъункараб бак1 х1исабалдеги росун .Цо-цоязин абуни, санаг1алъалабазулго хал гьабич1ого, тушманасе т1аде к1анц1изесанаг1ат гьеч1ел, т1аде чи кколарел, рахча-хьвараб бак1алъул х1исабги гьабун.
   Гьединаздасан цояблъун бугин абизе бегьула, нилъеца лъай-хъвай гьабизе бугеб Гумбет районалъул росабазда гьоркьоб бищунго к1удияблъун ккколеб, г1емер г1азаб-г1акъуба х1ехьараб Игьали росдада сверухъ бук1араб 11-ябго росуги. Гьелъул ц1ар рехсон буго Дагъистаналъул тарихиял бак1азул сиях1алда гьоркьоб, бат1и-бат1иял хъвадарухъабазул т1ахьазда, журнал-газеталда, маг1арул ва г1урус антологияздаги машгьураб буго коч1охъабаздалъун, бакъанчаг1аздалъун, маг1ихъабаздалъун ва саринчаг1аздалъунги. Гьединго гьеб машгьураб буго чорхолъ жан, бах1арчилъи, тирилъи, къвак1и бугел росдал церехъабаздалъунги.
   Гьел лъугьа-бахъиналги, раг1ул устарзабазул пикрабиги, кеч1-бакъаналъул т1абиг1иял гьунаралги, Игьали росдал умумуз наслабазе тараб хвел гьеч1еб  хазинаги буго.
   Росдал тарих данде гьабизе (мунагьал чураяв Дарбищмух1амадов Г1адурах1маница) байбихьана 1956 соналдаса нахъе. Гьев литературияб г1елму ц1аларав, гьелъие гьунар-махщел бугев гьеч1ониги, гьесул гьелдехун бугеб рокьиялъ, харабаз рицунел цересел лъугьа-бахъиназул, рагъ-кьалалъул,гьунарчаг1азул, гъарачаг1азул ва росаби цоцахъа рахъиялъулги бицунеб раг1уг , гьесул пикру ккана, гьеб росдал тарих данде гьабизе. Гьесухъе щвана цебесеб тарих бак1арулезда дандч1вач1елги, хъвана гьез бак1арун арабги, ва церег1ан басмаялде рахъун рук1аралги, къисаби, харбал,бице-кицинал,куч1дул, бакънал-мекъаб бит1изабун, камураб т1аде балагьун, щвалде швеч1еб-щвезабун;памятниказда,заназда, рукъзабазул мокърукь,т1аг1алабазда,ярагъ-матах1алда ратарал хъвай-хъваг1аял ва маг1аби.
   Пайда босун гьеч1о киналг1аги г1елмиял ц1ех-рехазул документаздаса.
60-80 сон барал харабазул,росдал школалъул муг1алимзабазул, ц1алдохъабазул,бат1и-бат1иял идарабазда х1алт1улел хъулухъчаг1азул кумекалдалъун данделъана гьеб. Цебесеб тарих данде гьаби бигьаяб жо гуро,к1удияб г1акъубаб бихьун данде гьабураб Г1адурах1манил тарих бегухъе хут1ана цо чанго соналъ-гьеб къач1азе, литературияб мац1алда рекъезабизе,ц1ех-рехаз  бат1и-бат1иял росабалъе ине бажарунгут1иялъ. Амма сахаватаб х1алт1и къват1ибе бахъизе ва гьесул х1аракатаб иш г1адада хвеч1ого бук1ине нижеда рак1алде ккана гьеб ц1алдолесухъе кьезе. Гьесие сайгъат гьабураблъунги рик1к1уна дица т1олабго гьабураб х1алт1и.


Рецензии