Г1умруялъе х1ажатал малъа-хъваял
гьел баяназдаса мах1румлъилел абураб.
Жакъасел ц1алдохъабазда бич1инабизе зах1матаб суаллъун буго, дагьал церег1ан соназда, кинаб бук1аниги х1ажатаб баян балагьи, ц1акъ зах1матаблъун бук1анилан абулеб жо.Жакъа гьел баянал нилъехъе ва лъималахъе гигабайтаздалъун щолел руго,г1иц1го кьижараб заман хут1изег1ан-(кваналеб мехалъцин нилъеца телефон г1одоб лъоларо). Бокьаниги,бокьич1ониги-ц1акъ к1удияб гъираялда «кваналеб» ва бот1ролъе босулеб буго.
Медиаялъ интернетгин цадахъ нилъехъе баянал кьей гуребги, бот1рол г1акълу
«г1уц1иялъеги» квербакъулеб буго. Бот1рол х1алт1и сверулеб буго ункъида к1анц1ун Европаги,дунялги бихьизелъун,кирниги лъалхъиги гьабич1ого заман хвезабиялде. Гьайбатаб лъимералъул г1адалнах ц1акъ хехго ругьунлъула гьел баянал рихьиялде .Цо ккураб жоялда т1адч1ей бук1унаро,гьединлъидал, пайда щвеялъулаб рахъ мукъсанаблъун лъугьуна.
Киназулго г1аммаб жоялде к1вар кьеялъулаб г1унгут1и ккола- лъай
т1алаб гьабиялде хашаб бербалагьи школазда бук1ин.
Муг1алимзаби ва экспертал цо к1алдисан к1алъалел руго 2000 соназда гьарурал лъималазда ц1алдезе,цо жоялде к1вар кьезе ва ц1алараб жоялъе къимат кьезе бажаруларилан. Жиндие хехаб къаг1идаялдалъун щолел баяназдасан,г1емерисеб т1аса-масахъего т1алаб гьабулеб жоялъ, пайда щоледухъ х1алт1изабун бажаруларо. К1вар кьеялде бугеб г1унгут1и -гьеб рук1а-рахъиналъулъги загьирлъула.Щиб жоялде машгъуллъун лъимер бугониги, гьесул кинабго жоялдаса хехго рак1 бусуна,щайгурелъул киналго ресаздаса пайда босиялде бугеб гъира лъуг1иялъ.
Гьай-гьай, жакъасеб модаялда рекъон, къимат- аслияблъун ва лъимералъул бажари борцунеблъун рик1к1унеб гьеч1о. Жиндиего пайдаяб рахъ т1алаб гьабизе рес бугев ц1алдохъанасги бокьун ц1али гьабиялде к1вар кьолеб гьеч1о. Интернеталъул «гъамсинир» ругел х1адурарал жавабалги рикъун,мукъсанаб лъай бугониги, муг1алимасда жаваб бихьизе ламуслъулев гьеч1о. Бук1инесеб паядаяблъун лъугьине буго жидеца г1умруялъе къвариг1унел суалазда т1ад х1алт1и г1уц1изе лъалезда.Рач1аха,х1ал бихьизин бажарулищ лъимералъе гьел суалал т1ураялъе кумек гьабунали.
К1вар бусинабизин гьадинаб суалалде. Щибха улбуца гьабизе кколеб?
Балагьараб мехалда, гьелъие жаваб бигьаябилан ккола,ай гьукъизин лъималаца гаджетаздаса(телефоназдаса,ноутбуказдаса) пайда боси.Гьезие х1инкъабиги кьун,ах1и-х1урги гьабун иш т1убаларо. Жакъасел технологиял нилъер бидулъ рессун руго,гьелъие нуг1лъи гьабула хасал халгьабияз:5 ялдаса 16 сон базег1ан г1умру бугел лъималаз къоялда жаниб 5-6 саг1ат т1ад хвезабулеб буго гьезде руссун. Гьел гьукъизе нилъ лъугьанани, лъималазул дандеч1ей ц1ик1ине буго.Рак1алде ккола,цо-цояз хасаб бихьизабураб заман ц1алеб батилин гьел алатал х1алт1изариялъе жидерго лъималазе. Гьел гьукъизе г1едег1иялдаса лъик1аб бугилан ккола дида гьал хадур рехсарал малъа-хъваяздаса пайда босанани. Гьай-гьай гьаздасан пайда босизе лъарасе хайир т1ок1аб щвела.
Гьелъие кумек щолеб ва бот1рол иш, гьабулелде к1вар кьей рук1алиде ккезабиялъе бищунго к1вар бугеллъун рик1к1уна,нужеца щибниги г1ажаиблъи гьабуге: макьу,квен ва нилъеца лъазабизе т1аде босараб.Ч1ванкъот1ун щибжоха гьабизе кколеб ва щай?
Макьу- ккола кинаб бугониги ишалъулъ г1иц1го жиб кинаб бук1аниги иш цебет1еялъе квербакъулеб къаг1ида,гьелъ гуронани бот1рол х1алт1и рук1алиде ккезабизе кумек гьабуларелъул. Къад нейроназ(клеткабаз) регьен бугел жал х1аракат бахъун х1алт1изари гуребги, гьелъул хут1елал къват1ире рала,гьединлъидал сардиде г1агарлъидал сундениги к1вар бусинаби ва рак1алда ч1ей инсанасул заг1иплъула. Гьеб г1адалнах бац1ин уна нилъ кьижараб мехалда. Нилъеда макьаби рихьулеб г1ужалда хасаб лъамалъиялъ х1акъикъаталда гьел хут1елал чурун рац1ад гьарула ва бот1рол иш рук1алиде ккезабула.
Гьединлъидал ц1алдохъабазе лъик1аб буго къасе 9-ялдаса кват1ич1ого ва 8 саг1аталдаса дагь гьеч1ого кьижизе.Гьеб т1убазе бокьулареб лъимер беч1ан,свадарилеб бук1уна дарсазда.
Киналдасаго хехго г1адалнахалъе кумек щвезе квербакъулеб жо ккола квен.
Цойги рахъалдасан щибаб витамин х1ажатаб буго гьелъул х1алт1и рук1алиде ккезабиялъе.Х1акъикъияб кумек нейрогенезалъе гьабула г1иц1го цо Омега-3 абулеб витаминалъ.Нейронал лъик1лъанаг1ан цо жоялде к1вар кьей ва пикру цойиде бусинаби лъик1лъулеб буго. Гьединлъидал чуг1ил нах лъимералъул щибаб къойилаб кванил къадаралда гъорлъ бук1ине кколеб буго.
Г1адал нах ругьун гьаби.Гьай-гьай,ругьун гьаби.Г1адал нах цебе т1еялъе рак1бан ц1ализе ккола лъик1ал т1ахьал,элги кагътида хъварал. Х1акъикъаталда гьеб къаг1ида рик1к1уна пикру ва г1акълу барщизабиялъе бищунго лъик1аллъун.Г1алимзабазулги пикру цо буго- т1ехь кагътида хъвараб ц1алиялъул пайда т1ок1аб бук1унин экраналдаса ц1аларалдасаян.
Машгьурай Канадаялъул психотерапевт Виктория Прудэйица рак1ч1ун абулеб буго г1ун рач1унел кьерилал соналдаса соналде г1адлу бихараллъун лъугьунел ругилан. Гьелъие г1илла-бокьа-бокьараб гьабизе эбел-инсуца лъималазе ихтияр кьей ва гьел геч1езари.
Щайха гьанжесел лъимал г1енеккулареллъун,ц1алуе к1арчамаллъун ва гьудуллъи кквезе бокьулареллъун лъугьун ругел?
Зама-заманалда пишацоязулгун гара-ч1вари гьабулаго ва лъугьараб ах1вал-х1алалъул ц1ех-рех гьабулаго,дун гьадинаб х1укмуялде вач1ана. Гьанжесел лъимал(ц1ик1к1унисел) ц1алуде гъира гьеч1ел,чорхолъ бат1и-бат1иял г1узраби ругеллъун руго 15 соналъ цере рук1арал ц1алдохъабаздаса.
Сундулъха гьеб ах1вал-х1алалъул г1илла бугеб? Киг1ан рек1екълъи лъугьинабулеб х1асрат бугониги,х1акъикъат буго гьадинаб: лъимал лъик1аб рахъалде куцалаян рак1алдеги ккун г1емерисеб мехалъ нилъеца г1езарула г1амалалъул квешал рахъал.
Гьабизе бегьулеб анибги добаги
Лъималазул щибаб х1ажалъи улбуца ц1акъго хехго т1убазабула. Лъимералъ абуни: «Дие кваназе бокьун буго»,-ян гьеб параялдаго гьелъие квен кьола. «Дир рак1 гъолеб гьеч1о»-ян лъимералъ абуни,гьев аск1ове ах1ула ва кодобе телефонги кьун мультфильмахъ валагьеян абула. «Дун къечон вуго»-ян абуни,дир вас яги яс,дун мадугьалихъ бугеб тукаде ина ва дуе бокьулеб сок босила.
Гьединал улбузул лъималазе гьабулеб хъулухъалда бахиллъизе бегьула бищунго г1амаликъав монархасул рагьдател.
Жидецаго гьабулеб жо лъик1лъиялъе гьабулебилан рак1алде ккун,гьел ургъуларо лъимералъул хадусеб г1умруялда т1ад. Сабру бугеллъун,г1одор риччараллъун ва къо х1ехьолеллъун гьел ругьун гьари-гьеб ккола г1амалалъул лъик1ал рахъал куцаялде бугеб пайдаяб нух.
Гьит1инаб къоялдаса нахъе лъималазда бич1ч1инабизе ккола к1удиял г1ураб мехалъ гьезул мурадал хехго т1уралев чи вук1ине гьеч1олъи. Бук1инесеб г1умруялда гъорлъ зах1малъалаби,х1албихьиял дандч1вазе рук1иналъул ва г1умрудал мурад т1убазе бокьарасда г1емераб зах1малъи-г1акъуба бихьизе бук1иналъул х1акъалъулъ.
Гьай-гьай гьел киналго санаг1ат бахъиялъул шурут1ал къезаризе ва бит1араб нух т1алаб гьабизе ругьунлъизе ккола. Кинанха гьелъие ругьунлъилел берда цебе бугеб г1умрудал х1албихьиялъе ресал гьеч1ел?
К1удиял г1олаго лъималазда бажаруларо гьел зах1малъалабазда данде ч1ч1ун бук1ине кколеб къеркьей гьабизе ва гьеб лъугьуна лъимералъе бергьенлъи щвеялъе унгояб квал-кваллъунги.
Амма кинаб бугониги къанаг1атаб лъугьа бахъин ккедал,ай нилъеца, цик1к1ун беэдараб лъимералъе инкар гьабунани щибниги жо босиялъе,гьай-гьай лъимералде унти бач1уна: тукада бук1а,г1адамал ругеб бак1алда бук1а.
Аск1ов г1одов ч1ч1ун хабар-к1алалда вугев чиясул бак1алда-экран
Цебе, лъимер рокъоб ч1алг1ун лъугьанани,эбел-эмен х1алт1уда ругеб заманалда,гьес телефоналдасан гьудуласухъе ах1ун накъит г1уц1улаан,къват1иве унаан г1ел бащадазада цадахъ футбол х1азе,яги кинаб бук1аниги рек1елгъеялъулаб ишалде валаан.
Жакъасел улбул, цересел умумул кинниги, х1алт1уда машгъул рук1унаро,амма жакъасел лъималазул гьезулгун гьабулеб гьоркьоблъи заг1ипаб буго.Бокьараб мехалъ рек1елгъеялъе ресал г1уц1изе бигьаго бук1уна,телефоналдалъун,планшеталдалъун яги компьютералдалъун.
Гьел алатаздасан пайда босулаго рек1елгъей,аваданлъи бук1уна ва заманги цо араб лъач1ого ун батула. Цо-цо мехалъ загьирлъула,эбел-эмен х1алт1уда гьеч1ониги,гьезие заман кьезе бокьананиги,лъималаца гьелде к1вар кьоларо.
Г1умруялъе х1ажатаб ругьунлъи т1алаб гьабизе лъимералъе зах1малъула,гьудулзабиги,рек1елгъейги т1алаб гьабула цере рехсарал гаджетаздасан,гьединлъидал улбуца гьел к1вар кьеч1ого тола.
Рек1елгъей-лъалхъизабе
Нилъ х1алт1уда ругебг1ан заманалда,лъимал рек1елгъеялда рук1ине ккола.Бит1араб пикру гьеч1ищ?Амма рач1аха нилъедаго ц1ехелин,щай нилъ лъималазул рак1гъунгут1иялъукьа х1инкъулел? Лъимералъулъ ч1алг1ен бакканани,нилъеда рак1алде ккола,тарбия кьеялъулал шарт1ал заг1ипго гуронани т1уразе к1оларел чаг1и ратилилан.Гьелъул х1асил-лъимер жиндаго ч1еялъе яги пикрабалъ бук1иналъе рес кьоларо улбуца.
Киг1ан дагьабниги х1алт1и лъималгун цадахъ гьабе
Лъималгун цадахъ киг1ан дагьабниги х1алт1и гьабизе ругьунлъе ва хадуб цадахъ рек1елгъеялъулаб ишалде русса.Цо иш гьабун цойгидалде раялъ рес кьезе буго лъимералъулъ бит1араб пикру бижизабизе.
Рокъоб хиси гьеч1еб,ай расанк1аби рак1ари г1адаб яги чурараб рет1ел-т1ех кварида базе ругьунлъиялъ гьезулъ бижизабизе буго х1аракат ва зах1маталде рокьи. Ва гьединго кьуч1 лъезе буго школалде ц1ализе рачарабго лъик1 ц1ализе жигар баялъе къвариг1унеб г1амал-хасият куцаялъе.
Т1оцебесеб классалде вачарасда кинан к1велеб ц1алул цевехъанлъун вахъине,дарсда гьев ч1амуч1го х1алт1улев ва бокьуларого х1арпал хъвазе ругьунлъулев вугони? Лъимер х1алт1изе гурелъул ругьунлъун вугев гьев кидагосеб рек1елгъеялдалъидал улбуз г1езавун вугев.
Гьит1инав бет1ерч1ахъадас дунялалъе ханлъи гьабулеб буго
«Гьес ламадур кваналаро», «Дир ясалъе цудунго кьижизе бокьуларо», «Дир васас радалиса печенаби гурого кваналаро», «Жиндиего рет1ел рет1изе бокьурао дирасе». Гьаб калам улбуз г1емер х1алт1изабула,амма гьелде к1вар кьоларо.
Амма щай лъималаз улбузул бак1алда х1укму къот1улеб,щиб гьез гьабизе кколеб,щиб гьабич1ого тезе колебали. Лъица лъие тарбия кьолеб бугеб?
Цо-цо мехалъ рак1алде ккола,эбел ункъго сон барай ясалъул т1алабазукьа х1инкъулин,ай гьелда къват1иса рокъое яч1индал рет1ел т1аса бахъи г1адинаб буюрухъ т1убач1еб мехалъ лъимералъул х1аладаса ин лъугьиндал.
Щайха нилъеца лъималазе рес кьолеб гьезие бокьараб гьабизе, гьелъул гьезие зарал бук1унеблъи лъананиги?
Нилъеда ч1ах1иязда бараб гьеч1ищ кида гьел лъимал кьижизарилелали яги щиб гьез рогьалилъ кваназе кколебали рук1алиде бачин. Лъимал ругьун гьаризе ккола жидерго бажариялде,г1акълу х1алт1изабиялде,амма к1удиял г1езег1ан гьезул гогьдариялъе квербакъулеллъун нилъ рук1ине бегьуларо.
Г1емерисел г1амал-хасияталъул квешал рахъал лъимерлъудаго хут1ула гьезулъ.Нилъецаго ругьун гьарула гьел лазат бахъаралщинал хасиятазде.
Лъимер кват1ун кьижизе ругьун гьавуни,рогьалилъ т1аде вахъине к1ух1алавлъун ва школалда ц1алуда хадубгъей гьеч1евлъун вук1уна.
Гьелъул х1асилалда дарсал х1адуриялъулъ зах1малалъалаби рижула.цинги эбел лъугьуна гьесие кинабго гьабун кьезе. Гьелдалъун лъимералъулъ баккула, эбел-инсуца г1уц1араб,гьез к1вар кьолареб, сурараб хьвада-ч1ади т1алаб гьаби.
Къокъ гьабун абунани,эбел-инсуда т1адаб буго лъимералъул рак1хвезабиялдалъун гьелъие зарал ккезе бегьула абураб пикруги къезабун, лъимер яги г1олилав ругьун гьаризе гьезие бокьаралде гуреб,х1ажатаб т1убазе нух батиялде.
Лъик1аб лъай щвезе кканани,г1емер ц1алдезе,чемпионлъун вахъине кканани, щибаб къойил черх лъадаризе ккола.
Гьал х1акъал г1адатиял малъа-хъваял жакъасел улбуз к1вар кьеч1ого тарал рахъал руго,жидерго лъималазул накъиталдаса рат1алъизе бокьич1ого.
Палх1асил,бит1араб жаваб кье нужоего:г1енеккулищ нужехъ лъимер,яги нужоца гьев бокьухъейищ тун вугебали.
Свидетельство о публикации №225051401325