Игьали школалъул тарихалъул т1амчаздасан

 
   Щибаб г1уц1иялъул букIуна жидерго тарих ва гIуцIараб мехалдаса жакъа къоялде щвезегIан гьабураб хIалтIул хIасил. Нилъер республикаялда цо-цо школазул гьеб буго цIакъго бечедаб, цойгидазе мисаллъун букIинесеб даражаялде бахараб. Гумбет районалда ва Дагъистаналда гуребги, пачалихъалдаго цере тIурал школаздаса цояб ккола Игьали гьоркьохъеб школа. Исана гьелъ бана 100 сон. Гьел соназде вахарав чиясул букIуна кIудияб гIумруялъул хIалбихьи, гьесухъе гIакълу босизе бачIуна гIолохъанаб гIел. Гьединго нилъер школалъул тарихалда буго цойгидазе хIалтIи цебетIеялъе кумек гьабизе рес бугел гIемерал хIужаби. РакIалде щвезабун лъикI гурищха, кинал рукIарал, гьеб 100 соналъул халалъи бугеб нухда тIамурал тIоцересел галаби, дандчIварал захIмалъаби ва гьабураб хIалтIул хIасил.
   1925 соналда байбихьана кинабго Дагъистаналда культсанштурм. Гьелъул мурад бук1ана г1адамазда хъвазе-ц1ализе малъи,лъавукълъи лъуг1изаби ва гьединго г1адамазул рух1ияб рахъ цебет1езаби.Гьединал чаг1и рук1ана росулъ г1емерисел. Гьезие рагьун рук1ана  г1адамазул рукъзабахъ ликпунктал.Т1оцебесеб заманалда хъвазе –ц1ализе малъулаан г1ажам алфавиталъул кьуч1алда,гьелдаса хадуб латин алфавиталде рач1ана.Хъвазе-ц1ализе лъазег1ан лъаг1ел г1анасеб мехалъ гьенире хьвадизе кколаан.Ц1али гьабулаан къасе-къасе,х1алт1удаса эркенаб заманалда. Гьеб х1алт1и т1аде босун гьабулаан культармейцаз. Культсанштурмалъул х1алт1и гьоркьоса къот1ич1о К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизег1ан.Гьеб заманалде хъвазе-ц1ализе лъаларел чаг1и росулъ къанаг1атго хут1ун ратизе бегьула.Гьеб хъвай-ц1али лъазаби ц1идалъ цо дагьаб зах1малъиялда унеб бук1ана. Гьениб киназего хъвадаризе ва ц1ализе къвариг1унел  алатал  ц1акъ мукъсанал гурони рук1инч1ониги,жигар бахъулаан басриял т1ахьазул т1амчазда хъвадарунги лъазабизе.
            1925-1926 соназда рагьана росулъ т1оцебесеб  школа ва г1уц1ана ликпунктазул къокъаби.Доб заманалда х1укуматалъ халкъ канлъи-лъаялде ц1алаго аслияб мугъч1вай гьабуна кинаб мац1алъ,кинаб г1елмуялда ц1аларал ругониги, лъай бугел чаг1аздехун.
   Гьединаздасан цоявлъун вук1ана Х1асанов Параюсупги.Гьит1инго ц1алудехун машгъуллъиялъ,жиндирго рукъалъул к1вар гьабуларев,росабалъа росабалъе ун г1араб мац1 ц1алун гурого ч1еч1ого,инсуца т1аса квер босарав чи вук1ана гьев.
      Тарихиял г1елмабазде машгъурав чи вук1ун,гьесда бач1инахъего бич1ч1изе к1вана Совет х1укуматалъул халкъалдехун бук1араб лъик1аб бербалагьи,х1алимлъи.
   Гьеб заманалда Игьали росу кколаан Хунзахъ районалъул росабазда гъорлъе. Хунзахъан Параюсуп вит1ана Гьоц1алъе,Рихьуниве,Г1ашилт1е муг1алимлъун х1алт1изе. Гьебго заманалда Параюсуп ц1алана доб мехалда Буйнакскиялда рук1арал педагогикиял курсазда.Гьесие т1оцебе росулъ ц1алун вахъун щвараб Свидетельство,Зах1маталъулаб книжка ва сурат жакъаги росдал школалъул музеялда ц1унун буго.
     Доб заманалда гьевгун цадахъ ц1алулел ва х1алт1улел рук1ана Дагъистаналдаго т1оцересел ц1ар машгьурал муг1алимзаби:Хунзахъа Зайирбег,Бакьагьеч1иса Зайирбег,Гьамащуса Зайнулг1абид,Мух1амадов Асадулагь ва цойгидалги.
     Жиндирго г1елмуялдехун бугеб г1ищкъуялъ гьес х1аракат бахъана росулъ т1оцебесеб школа рагьиялъе.Гьелъие кьуч1ги лъун,гьенив х1алт1улаго Параюсуп хъвадарулаан доб заманалда къват1ире  г1араб-г1ажам мац1алда риччалел рук1арал журналазде,газетазде.Гьесул аслияб темаги бук1ана бец1лъуда бугеб халкъ канлъи-лъаялде ах1и,инсан рит1ухълъиялда,гьудул-вацлъиялда куцай.Гьеб формаялда хъварал руго мунагьал чураяв Гьарак1униса Нурмух1амадил Мух1амадица архивалда ц1унараб,Абусупьян Акаевасул редакторлъиялда гъоркь Буйнакскиялда биччалеб бук1араб «Баянул х1акъаикъ» абулеб г1араб мац1алда хъварал  №1,№9 абилел номеразда риччарал журналазда ругел гьесул макъалаби.
     Параюсуп вук1ана росдал тарихалдехун рак1 ц1арав,гьеб унго-унголъунги бокьулев чилъун. Гьелда бан гьес данде бак1арун бук1ана росдал тарих. Параюсупица данде гьабураб фольклорияб материалалдасан 1929 соналъ Аргъваниса Г1абдулат1ип Шамхаловасул редакторлъиялда гъоркь,т1оцебего г1адин къват1ибе биччараб «Авар миллаталъул нек1о заманалъул къисаби,харбал,куч1дул» абураб гьит1инабго мажмуг1алдаги рахъун рук1ана гьесул кверзукьан арал росдада хурхарал биценал,лъугьа-бахъинал…
     Жиндирго бук1инеселде бугеб рокьи,пикраби,анищал т1уразег1ан хут1ич1о гьев. 1930 соналъ г1умрудал г1иц1го 32 сон бугев чи хвана гьев…
   Лъай кьеялъул иш т1аде ккана Буйнакскиялъул педкурсазда ц1аларав Чинчарал Сайгидх1усениде.
   Параюсупица т1оцере лъай босизе рачарал:Г1умаров Мух1амад,Мух1амадов Гъучай,Бат1алов Х1айчалаби,Ибрагьимов Х1ажибег ва цойгидалги Сайгидх1усеница 4 классги лъуг1изабун къват1ире риччана.
   Гьезда гьоркьоса-Г1умаров Мух1амад ва Г1абдурашидов Асх1абали рит1ана Хунзахъе ШКПМ-ялде(школа комсомольской партийной молодёжи) абулел курсазде ц1ализе. Гьебги кьоч1ое босун Г1умаров Мух1амад т1амуна росдал школалъул муг1алимлъун.Гьел соназда к1иго яги ункъго класс лъуг1арал гьалмагъзабаз ц1ализаруна ликбезалде ах1арал васалгин-ясал.Гьездасан цоял ккола-Г1умарх1ажиева Пат1имат ва Мух1амадов Гъучай.
   1925-1930 соназда лъай щвана 21 г1анасев чиясе:
Мутаг1илунасе,Х1усенов Мусае,Х1асанов Г1умарие,Х1ажиева Пат1инае,Г1утаева Рах1имае,Ибрагьимова Пазилатие ва гь.ц.
   Хъвай-ц1али рук1алиде ккезабиялъул иш т1адкъан бук1ана росдал бегавул Х1адисида.
   Игьали росу гьоркьобе унеб Хунзахъ районалдасан х1укму гьабун бач1ана сверухъ ругел г1алахалги х1исабалде росун,пачалихъалъул харжалдалъун школа базе бугилан. Росулъе рехараб махх,хъарщи-ц1ул цо-цо жагьилал г1адамазда к1вана нахъч1вазе ва школа бач1ого хут1изабизе. Х1алк1вараб материал г1урулъеги биччана, хут1араб кинабго школа баялъе х1ажатаб материал Игьалиса Г1ахьалч1и росулъе нуха рег1ана.
Росулъ гьелдаса хадуб х1али-мадаралъ базе к1вана 4 классалъе санаг1алъи бугеб мина.
   1940 соналда гьебго минаялда жаниб рагьана 7 класс,хадусел соназда т1адеги рукъзалги ран рагьана 8 класс.
   1966 соналда рагьана гьоркьохъеб школа.Гьебго соналъго базе байбихьана ц1ияб школа.Гьеб баялъул ишги т1аде босана гьеб росулъа т1оцебесеб т1адег1анаб лъай щварав Щайхил Г1умарх1ажияс.Школалъул гьумер т1убанго хисана гьес нухмалъи гьабулеб болжалалда жаниб.Районалдаго бищунго к1удияб школа ккола гьесул квербакъиялъ эхетараб школалъул мина.
   Цере ц1улаца пучдулги ракун хинлъизарулел рук1арал классал гьанже х1ухьлаца хинлъизарулеб къаг1идаялде рачана.
   1975 соналдаса нахъе школалда х1алт1изе лъугьана кабинеталъулаб г1уц1и,1984 соналда х1алт1изе биччана 120 чиясе бак1 бугеб интернат.
   Школалъул буго бечедаб библиотека,столовая,мастерская,гьанжесеб къаг1идаялда бараб спортзал.Киналго лъимал ц1алдола  цо сменаялда.
   Нек1о росулъе бач1араб кагъат ц1ализабизе цогидаб росулъе ине кколел рук1ун ратани,гьанже Игьали росулъ 400 ялдаса чиясул буго т1адег1анаб ва гьоркьохъеб  хасаб лъай.
    Гьединго дие гьаниб рехсезе бокьун росулъа машгьурал коч1охъабазул ва композиторазул ц1арал: Г1адухан, Каримх1ажияв, Мух1амад ва Дагъистаналдаго ц1ар раг1арал коч1охъабби Г1аращил Г1умар, Сайгидсалим, Сайпудин.
   Росдал чух1илъун ккола тохтур Чупалаев Мух1амадх1ажияв,Аминтазаев Саг1дула, Мух1амадов Шамиль,Нурмух1амадов Исуп,Тажудинов Х1усен, Алхасов Х1асан. Дагъистаналъул Верховный судалъул тарихалда гъорлъ бек1к1араб ц1ар тана Г1абдулх1алимов Мух1амадица.
   Реццалъе мустах1икъав вуго мунагьал чураяв Г1абдулх1алимов Х1ажияв жиндир сахаватлъиялдалъул росдал къо к1одо гьабун лъабго мажлис г1уц1ц1арав ва гь.ц.
   Росулъа К1удияб Ват1анияб рагъде ана г1ага-шагарго 168 чи.
Рагъда хвеялъул акт бач1ана 29 чиясухъе.
Рагъдаса росулъе нахъ руссана 44 чи
Араб бак1 лъач1ого т1аг1ана 92 чи
  Рагъдаса хадусел соназ росулъа г1олохъаби г1ахьаллъана бат1и-бат1иял рагъулал ишазулъ :
    Венгриялда: 5чи
    Афгъанистаналда:11 чи.
   Чачаналъ: 7 чи
   30 муг1алимасул т1адег1анаб ва 15-ясул гьоркьохъеб хасаб лъай буго жакъа школалда х1алт1улезул. Школалда ц1алулев вуго 305 ц1алдохъан,32 школа лъуг1арав ц1алулел руго бат1и-бат1иял ц1алул идарабазда.
   Гьеб киналъего бажарараб нухмалъи гьабуна 25 соналъ мунагьал чураяв Шейхов Г1умарх1ажияс.Къуркьи гьеч1еб,сахаватаб жиндирго х1алт1ухъ х1укуматалъ гьесие кьуна: «РСФСРалъул лъай кьеялъул отличник», «СССРалъул халкъияб лъай кьеялъул отличник» абурал г1аламатал,ДАССРалъул Верховный Советалъул грамота,ЦК ВЛКСМалъул грамота ва гь.ц.шапакъатал.
   Гьесдаса хадуб школалъе нухмалъи гьабуна мунагьал чураяв Х1ажиев Асх1абица,гьесдаса хадув директорлъун т1амуна Дагъистаналъул мустах1икъав учитель Мух1амадов Саг1ид. Мунагьал чураяв Х1ажимурадов Г1иса ккола «Лъай кьеялъул отличник» ва «Учитель-методист»,Эфендиев Муртаза ккола «Учитель-методист», «Россиялъул г1аммаб лъай кьеялъул отличник»,ПНПО къецалъул Президентасул грант щварав, районалъул лъаг1алил учитель къецазда бергьарав, Дагъистаналъул Госсоветалъул Почётная грамота щварав муг1алим; Мух1амадов Х1ажияв ккола Дагъистаналъул Госсоветалъул Почётная грамота щварав. Шарапудинов Г1иса ккола «Дагъистаналъул мустах1икъав учитель», «Лъай кьеялъул отличник».Мух1амадов Г1умарасх1аб,Мух1амадова Лайла,Ибрагьимова Париэбел ккола «Лъай кьеялъул отличникал»,Х1ажиев Ух1ума ккола «Старший учитель».
Гьанже дие бокьун буго школалъул тарихалда жаниб хассаб бак1 ккурал баяназул х1акъалъулъ. Нилъер школалъе нухмалъи гьабун буго рагьаралдаса нахъе 24 директорас,кинабниги школалда гьеб заманаялдаса нахъе х1алт1ун вуго 192 муг1алим,Игьали школалда х1алт1ун вуго 42 г1урус учитель,кинавниги школалда х1алт1улел рук1арал муг1алимзабазул Игьали росулъ 40 муг1алим Аллагьасул къадаралде щвана (киназулго мунагьал чураги).
 Умумузул бах1арчияб лъак1дасан унел руго Украинаялд хассаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъулев вуго 86 г1анасев г1олохъанчи.Гьеб х1ассилги буго школалъул коллективалъ бит1араб  тарбия кьеялъул ва Ват1аналдехун бугеб рокьи къуват гьабиялъул рахъ.
   Гьединаб бечедаб тарихал буго  нилъеца жакъа 100 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабулеб школалъул.
   Школалъул х1алт1улъ ругел церет1еялги, бергьенлъабиги- учительзабазул к1вах1-свак гьеч1еб х1аракаталъул х1асил буго.
   Школалъул буго цогидал росабалъ гьеч1еб г1адаб гьайбатаб, х1ажаталщинал рукъзабаздалъун хьараб школа, лъик1аб спортзал. Школалъул кванил блокалдаса бокьарав ч1ух1изе бегьила: 30 чи г1одов ч1езе бак1 бугеб г1ат1идаб столовая, к1удияб кухня ва квен-т1ех гьабизе х1ажатаб кинабго оборудование, кванил рокъоб ва столоваялъе къвариг1унеб мебель, посуда.
   2006 соналъ Игьали школалъе кьуна Россиялъул Президентасул грант – цо миллион гъурущ, гьелъухъ росана компьютерал, телевизорал, ДВД, спорталъул  ва цоги батIияб къайи. Гьелъ рес кьуна учительзабазул ва цIалдохъабазул лъай жеги борхизабизе, гьаб заманалда рекъон галаби цере тIамизе. Щибаб соналъ Игьали гьоркьохъеб школалде, цIалдохъабиги рачун, аскIор ругел росабалъа ва районаздаса рачIуна мугIалимзаби гьаниб бугеб лъикIаб хIалтIи бихьизе, камилаб гIакълу босизе. Школалъул тIолабго коллективалъ, нилъер умумузул гIадат цIунун, лъикIаб гьоболлъиги гьабун, нуха рег1ула гьел. 
   Игьали гьоркьохъеб школалъул учительзабазул, технический хIалтIухъабазул ва цIалдохъабазул (цере рукIарал ва гьанже ругел) коллективалда баркулеб буго 100 сонилаб юбилей. Гьарулеб буго гьезие щулияб сахлъи, рекIее сабру, хIалтIулъ жеги цIикIкIун бергьенлъаби. Нилъ, росдал жамагIат, кидаго налъулал руго гьеб 100 соналда жаниб  нилъер школалда хIалтIарал гIурус учителзабазда ва цоги росабалъа нилъер лъималазе тарбия ва лъай кьезе рачIарал мугIалимзабазда цере. Гьезул цоял Аллагьасул къадаралде щвана (ахират лъикIаб кьеги гьезие), цойгидал жиде-жидер росабалъ яги цоги бакIалда гIумру гьабулел ва хIалтIулел руго. Кире гьел къисматалъ реханиги,  нижер ракIазулъ кидаго рукIине руго гьезул камилал дарсал ва нижер лъималазухъе гьезул букIараб эбел-инсул гIадинаб бербалагьи.

                ПЕНСИЯЛДЕ АРАЛ ШКОЛАЛЪУЛ МУГ1АЛИМЗАБИ

1.Мух1амадова Хайрулбарият
2.Г1абдулх1алимова Хайрулбарият
3.Мух1амадов Саг1ид
4.Къадиева Савадат
5.Мух1амадов Х1усен Х1
6.Ибрагьимова Париэбел
7.Шамсудинов Х1усен
8.Мух1амадов Гъазичулав
9.Исх1акъова Г1айшат
10.Мух1амадова Лайла
11.Эфендиев Муртаза
12.Мутаг1илов Саг1идбег
13.Хъазанбиев Г1али
14.Г1исаев Мух1амад
15.Эфендиев Сайгидх1усен
16.Х1осенов Х1осен
17.Х1усенов Муса
18.Исмаг1илова Галина
19.Гъайирбекова Алпигат
20.Мух1амадов Х1ажияв
21И  21.Исмаг1илов Кургъули
22.Мух1амадов Г1умарасх1аб
23.Х1ажиев Ух1ума

                БАТ1И-БАТ1ИЯЛ СОНАЗ ШКОЛАЛДА Х1АЛТ1АРАЛ, НИЛЪЕДАСА
                РАТ1АЛЪАРАЛ МУГ1АЛИМЗАБИ

1.Шейхов Г1умарх1ажияв             38.Мух1амадов Насимух1амад
2.Х1асанов Мух1амад             39.Мух1амадов Юнус
3.Сайгидмух1амадов Мух1амад     40.Г1абдусамадов Ибномах1суд
4.Апандил Мух1амад
5.Шагьвазов Дарбищмух1амад
6.Мух1амадов Г1абдулбасир
7.Абакаров Мух1амад
8.Х1ажимурадов Г1иса
9.Мух1амадов Мух1амад Мусаевич
10.Султ1анова Пат1имат
11.Х1ажимурадов Маматхан
12.ПАраюсупов Имагъазали
13.Алхасов Мух1амадсаг1ит
14.Чупалаева Гульжахра
15.Г1умарх1ажиев Мух1амад
16.Хъазанбиев Мух1амад
17.Мусаев Жамбулат
18.Мух1амадов Исуп
19.Г1умарх1ажиев Сайгидх1усен
20.Мутаев Мутаг1илун
21.Чупалаев Мух1амад(Бахул)
22.Чинчарал Сайгидх1усен
23.Малачилаев Мутаг1илун
24.Насрулаев Мух1амад
25.Сайпулаев Анарбег(Читли)
26.Х1ажик1улаев Пайзудин(Читли)
27.Набиев Мух1амад
28.Иманшапиев Шамил
29.Байтемиров Байтемир(Ингиши)
30.Г1абдулкъадиров Шайхав
31.Мух1амадов Сайгидх1усен(Лъарат1а)
32.Г1абдулх1алимов Мух1амад(Верх.Суд)
33.Г1умаров Мух1амад (Г1алистан)
34.Х1асанов Параюсуп
35.Г1абдурашидов Асх1абали
36.Мух1амадов Г1усманх1ажи
37.Шамсудинов Х1ажияв


            БАТ1И-БАТ1ИЯЛ СОНАЗ ШКОЛАЛДА ДАРСАЛ КЬУРАЗУЛ СИЯХ1

1 Чупалаев Мух1амад
2 Шейхов Г1умарх1ажияв
3 Г1алисултанов Г1алихан
4 Сайгидова Г1айшат
5 Апандил Мух1амад
6 Мусах1ажиев Мух1амад
7 Тулатов Асланбег
8 Саввулади Полина
9 Ах1мат1ил Мух1амад
10 Г1алиев Х1ассан
11 Мух1амадрасулов Мух1амад
12 Х1ажимурадил Маматхан
13 Нурмух1амадов Мух1амад
14 Г1абдулмажидов Х1ажи
15 Юсупов Гъайирбег
16 Г1абдуразакъов Мух1амад
17 Х1ажидадаев
18 Пахрудинова
19 Г1умаров Мух1амад
20 Чинчарал Сайгидх1усен
21 Зияудинов Мух1амад
22 Шайхил Мух1амад
23 Хъазанбиев Мух1идин
24 Малачилаев Мутаг1илун
25 Х1амзатов Мух1амад
26 Саидов
27 Аминтазаев
28 Расулов Айгун
29 Абут1алибов Мух1амад
30 Шейхов Г1умарх1ажияв
31 Г1алисултанов Г1алихан
32 Салманов Мух1амад
33 Г1абдулх1алимов Мух1амад
34 Параюсупов Имагъазали
35 Гимбатов
36 Касумова Х.
37 Бадрудинов Пахро
38 Парададаев Гаджимагомед
39 Расулова Елена
40 Х1ажиев Мух1амадх1ажи
41 Мух1амадов Жамалудин
42 Гъазиев Исх1акъ
43 Мух1амаев Х1усен
44 Г1абдулбасиров Абсалудин
45 Саг1идов Ярагъи
46 Мух1амадов Султ1ан
47 Г1абдулаев Мух1амад
48 Давудов Макъсуд
49 Юнусов Х1ажи
50 Х1ажиев Г1али
51 Мусаева Г1унайзат
52 Мух1амадг1алиев Мух1амад
53 Аджиева Гульжахра
54 Г1усманмух1амадова Хадижат
55 Х1ажиев Ух1ума
56 Насрулаев Мух1амад
57   Х1ажиев Мух1амадх1ажи
58 Х1амзатова Загьра
59 Шамсудинова
60 Ибрагьимова
61 Пайзулаев
62 Г1алиев Мух1амад
63 Г1алиев Мух1амад
64 Сайпулаев Анарбег
65 Г1абдусамадов Ибномах1суд
66 Мух1амадов Насимух1амад
67 Къурбанов Мух1амад
68 Гъайирбекова Алпигат
69 Хъазанбиев Мух1амад
70 Мух1амадов Иразихан
71 Мутаев Мутаг1илун
72 Мух1амадов Гъазичулав
73 Х1ажик1улиев Пайзудин
74 Мух1амадов Юнус
75 Мух1амадов Г1усманх1ажи
76 Байтемирова
77 Байтемиров Байтемир
78 Султ1анов Х1амзат
79 Алхасов Мух1амадсаг1ит
80 Сайгидмух1амадов Мух1амад
81   Мух1умаева Зайнаб
82   Иманшапиев Шамил
83   Сайгидахмадов Таймасхан
84   Муртазаг1алиева Пат1имат
85   Исмаг1илова Галина
86 Г1умарх1ажиясул Мух1амад
87 Муртазаг1алиева Шахнабат
88   Х1асанов Мух1амад
89   Г1исаева Х1усмухатимат
90   Мусаев Жамбулат
91   Гъазимух1амадов Мух1амад
92   Гъазих1маев Мух1амад
93   Г1умарх1ажиев Сайгидх1усен
94 Г1абдулкъадиров Шайхав
95   Х1ажимурадов Г1иса
96   Мух1амадов Ах1мадула
97 Х1амзатов Юнусх1ажи
98 Набиев Мух1амад
99 Сайгидах1мадов Г
100 Хизроев Г1абдулмалик
101   Мух1амадов Х1ажияв
102   Мух1амадов Мух1амад
103   Набиев Г1умар
104   Макъсудова Х1алимат
105   Мух1амадов Сайгидх1усен
106   Камилов Мух1амадбег
107   Исмаг1илов Кургъули
108   Мух1амадов Г1умарасх1аб
109   Шагьвазов Дарбишмух1амад
110   Мух1амадов Юсуп
111   Г1изудинов Мух1амад
112   Мух1амадов Дибирх1ажи
113   Шарапудинов Г1иса
114   Саг1идов Гъазали
115   Ах1мадов Мух1амад
116   Къадиева Савадат
117   Ибрагьимов Мух1амад
118   Х1амзатов Х1амзат
119   Мух1амадов Г1абдулкъагьар
120   Шамсудинов Х1усен

121   Мух1амадов Г1умар
122   Г1абасова Шуг1анат
123   Мух1амадова Хайрулбарият
124   Г1абдулх1алимова Хайрулбарият
125   Мух1амадов Г1абдулбасир
126   Мух1амадов Саг1ид
127   Шамсудинова Пат1имат
128 Шамсудинова Пат1имат Х1.
129 Исх1акъова Г1айшат
130 Мух1амадова Лайла
131 Эфендиев Муртаза
132 Мутаг1илов Саг1идбег
133 Хъазанбиев Г1али
134 Г1исаев Мух1амад
135 Эфендиев Сайгидх1усен
136 Х1осенов Х1осен
137 Султ1анова Пат1имат
138 Шамсудинов Х1ажияв
139 Абакаров Мух1амад
140 Г1абдулх1алимов Г1.Х1.
141 Х1ажиев Асх1аб
142 Х1усенов Муса
143 Малачиев Рашидбег
144 Малачиев Малачи
145 Малачиева Зайнаб
146 Мух1амадов Ах1мад
147 Ибрагьимова Аминат
148    Хъазанбиева Пат1имат
149 Шейхова Баху
150 Муртазаева Зухра
151 Сайгидмух1амадов С.
152 Алхасов Г1алисултан
153 Сулейманова Гулисат
154 Х1ажимурадов Муртазаг1али
155 Г1абдурах1манова Нуцалай
156 Эсенбулатов Рашидхан
157 Шарапудинова Пат1имат
158 Шарапудинова Аминат
159 Казанбиев Ислам
160 .Мух1амадова Г1айшат
161 Нурмух1амадова Марям
162 Шапиева Написат
163 Казанбиев Казанби
164 Ибрагьимова Хадижат
165 Джамалудинова Саг1адат
166 Гаджимурадова Пат1ина
167 Юсупова Лайла
168 Алхасова Пат1имат
169 Магомедова Машидат
170 Шапиев Газимагомед
171 Ибрагьимов Х1амзатх1ажияв
172 Мутаиломов Сайгидх1усен
173 Абулмуслимова Х1уризадай
174 Магомедова Баху
175 Ибрагьимова Марям
176 Шахвазова Сиядат
177 Магомедова Машидат
178 Шахвазова Сиядат
179 Мух1амадов Х1усен Х1
180 Мух1амадова Асият
181 Саг1идова Г1айшат
182 Валих1асанов Г1иса
183 Мух1амадова Саг1адат
184 Ибрагьимова Париэбел
185 Сулейманов Х1ажи
186 Сулейманов Мух1амад
187 Хадисов Сайгидух1ума
188 Джамалудинов Исрап
190 Ахмедов Магомед (Инхо)
191 Ахмедов М.( В-Инхо)


Рецензии