Къеди ва къедисел. 1 бутIа. Ракьалхъвай
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 1
География
(На аварском языке)
ЦеберагIи
ЗОБАЛДА КВЕР ЧIВАРАБ РОСДАЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ТIЕХЬ
МагIарухъ ракьалъул бищунго рикIкIадаб, бецIаб, бахчараб бакIлъун букIана кидаго Ункъракьалъул эркенаб жамагIатги гьелъул росабиги. Силди, Къеди, Гьакъо, Гъоркьа Хъваршини, Хушет, Сасикь, ТIаса Хъваршини, Метрада, Цихалахъ, Эчеда росабаз гIуцIараб гьеб вилаяталде къанагIат гурони щолароан къватIиса чиги, гьоболги, нухлулавги. Гьедин чияр бералдаса рахчун ругониги, гьел росабалъ гIасрабаз букIана жидерго хIалуцараб гIумруги, гIадат-гIурпги, маданиябгун адабияб рухIияб гьаваги. Рудольф Иванов абурав гIурус хъвадарухъанас жиндир цо тIохьода Ункъракьалъул хIакъалъулъ хъвалеб буго гьадин: «Рорхатал мугIрузда, зобалда квер чIвараб гIадин, борхалъиялъул рахъалъ цIумил бахIарчияб боржингун къец балаго, бакI ккун буго Ункъракьин цIар бугеб магIарул жамагIаталъ. ЗахIмат буго абизе щай гIемерал саназ цебе бищун букIараб гIумру гьабизе, кинаб букIаниги къватIисеб асаралдаса бахчараб, тIаде щвезе захIматаб бакI. Ункъракьалдаса зодобе щвезегIан бугеб манзил борцине хIалбихьани, батизе буго цогидаздаса ункъракьасел гIагарал рукIин гьелде ва, гьедин батани, киназдасаго лъикI Аллагьасда лъалаха, жидер гIумруялъул къанунлъун Ислам бищарал магIарулаз кин ва сундалъун гIумру гьабулеб бугебали Ункъракьалда». Гьедин, магIарул г1умруялъул гIаммаб шагьранухдаса рикIкIад, къватIиса бералдаса рахчарал рукIаниги, Ункъракьалъулги гьелъул щибаб росдалги буго бечедаб, бахIарчияб, гьелдаго цадахъ балагьаб тарих. Гьелъие мисаллъун ккола Шамилил рагъалги, 1861, 1871 саназул гIисяналги, Куракул МухIамал нухмалъиялда гъоркь букIараб бахIарчияб хIаракатги, гIуруc пачаясул хIукуматалъ гьеб ракьалъул гIадамазда тIад гьабураб зулмуги. ЗахIматал тIабигIиял шартIаз тIамулаан Ункъракьалъул гIадамал, гьезда гьоркьор къедиселги, гIумру гьабиялъе нухалги ресалги ралагьизе. Гьел киналго гуро кидаго рукIарал ритIарал ва хIакъал. РукIана балагьалги, масала, мадугьалзабазул ракьазде гьарулел рукIарал чабхъенал. Гьезул хIакъалъулъ гIемерал биценал, кучIдул, харбал хутIун руго халкъалда гьоркьор.
СогIал тIабигIиял шартIаз жидер гIумруялъеги инсанасеги гIасрабаз гьабураб асаралъ ункъракьисезулъ лъугьинабуна цо хасаб тIабигIат-гIамал. Гьел руго лъадарарал, къо хIехьолел, балагьазда цере бетIер къулуларел, щулияб иман рекIелъ бугел гIадамал. Цоги магIарул жамагIатаздаса дагьабго кватIун бачIаниги, Ислам диналъ лъуна гьеб ракьалда щулияб кьучI, гIадамазул ракIазулъе риччана гъваридал кьалбал. Ва гьелъ, БетIергьанасде бугеб кьварараб божиялъ бижизабуна гьеб баракатаб ракьалда ругел росабалъ цо хасаб, гьелдаго цадахъ, бечедаб рухIияб гIумру. Гьениса рахъана чанги цIар рагIарал диниял гIалимзабиги, жамгIиял хIаракатчагIиги, рагъухъабиги, чабхъадул церехъабиги. Гьелдаго цадахъ Ункъракьалъул ракьалда рижана кIал пасихIал шагIирзабиги, магIихъабиги, харбил устарзабиги. Гьезул кIалзул гьанаралъул асаралги хъвавулал тIахьалги ккола магIарул рухIияб хазинаялъул хвел гьечIеб бутIалъун. Хъваршиса Загъаласул (КъурбангIалил), Сасикьа ХIусен-устарасул ва цогидазул цIаралги гIумруги абадиялъ хутIана магIарул миллаталъе къиматаб ирслъун. ТIолго жиндир бодаса Шамилие рокьулел Кьохъа МалламухIама, Хъваршиса КъурбангIали, ГIободаса Гьиматгун ГIашилтIаса МухIамад, «Нужер кваркьи бекидал, капурлъи тIаде щвана», – ян къимат кьолаго, бихьизабулеб буго Игьалиса Чупалас жиндир кочIолъ Хъваршиса Загъалас гъазаваталъул рагъазулъ кколеб бук1араб к1удияб бакIги Шамил имамасе гьесул букIараб хиралъиги. Амма кигIан бечедаб ва бахIарчияб гIумру жидер букIаниги, ахираб заманалде щвезегIан букIинчIо Ункъракьалъул цониги росдал хIакъалъулъ хъвараб тIехь. Цо рахъалъ гьеб хIужаги ккана гIиллалъун магIарулаздаги цогидал халкъаздаги Аваристаналъул гьеб ракьги гьелъул гIадамалги гIемерал саназ гIолеб даражаялда лъалел рукIинчIолъиялъе. «Барщараб мехалъ, пихъги жибго бортулеб», - илан буго магIарул кици. Гьедин, заман щун, барщун бортун бачIана АмирхIамзал ИсмагIилил къалмикьа «Къеди ва къедисел» абураб тIехьги. ТIоцебе Ункъракьалъул «тахшагьар» Къеди росдал хIакъалъулъ тIехь бижиялъулъги буго жиндирго цо хасаб мантIикъги. Халатаб, бечедаб, ай азарго соналде гIагараб тарих буго гьеб росдал. Ва гьеб хъвараллъунги ккола гьелъул гIадамалги гьезул гIемерал наслабиги. Умумузул ишазул кlудияб асар хутIун буго къедисезул къисматазулъги, росдал къватIаздаги, къулг1абаздаги, мина-азбараздаги, сверухълъиялдаги.
Цересел наслабаз кьучIги лъун, лъугьараб Къеди росуги, гьелъул хаслъиги, материалиябгун рухIияб дунялги цIунизе жигар бахъулеб буго гьанжесеб гIелалъги. Гьелъие якъинаб нугIлъун ккола гьаб тIехьги. «Къеди ва къедисел» абураб т1ехь хъван буго кIудияб рокьигун, хинлъигун ва адабгун. Гьеб бихьизабулеб буго гьелъул хIасилалъги хIалтIизабураб бечедаб материалалъги. ГIемераб захIматги бихьун, халатаб заманги бахъун хъвараб тIехь лъугьун буго унго-унгояб гIелмияб хIалтIилъун. Гьелдаго цадахъ абизе бегьила гьаб асар кколин къедисезул жамагIаталъул гIумруялъул киналго рахъал жанире рачараб энциклопедиягиян. ТIохьоеги гьелъул авторасеги кигIанги кIудияб рецц-бакъ гьабизе мустахIикъаблъун бихьулеб буго гьеб хъвараб рахьдал мацIалъ. Жакъа киса-кибго гIурус каламалъ ханлъи гьабулеб бугеб мехалда, магIарулазухъе гьадинаб асар щвей ккола гьелъул автор иман бугев, жиндир ватIанги, миллатги, мацIги бокьулев, гьелъул къимат гьабулев инсан вукIин.
«Къеди ва къедисел» абураб тIохьоца жанибе бачун буго бечедаб материал: текстабги суратабги. Гьелъул хIасиллъун ккола анцIила кIиго тематикияб бетIер, ва гьенир руго Къеди жамагIаталъул гIумруялъул киналго рахъал: тарих, жакъасеб гIумру, магIишат, гIадамал, рукIа рахъин, маданият, адабият ва цогидабги. Щибаб жоялде цIодораб берги мухIканаб кверги щвезабун, авторас жигар бахъун буго тIохьол гьурмазда гьелъие рекъараб бакI батизе. АмирхIамзал ИсмагIилил асар ккола Къеди росдал къисматалъул цололъ лъураб багьаяб бутIалъун. Гьеб букIина къедисезул гьанжеселги рачIунелги наслабазе жинца росдал хIакъалъулъ тIадегIанаб лъаялъул дарсал лъолеб цIалул тIехьлъун. Гьелдаго цадахъ гьаб тIехь буго тIолабго магIарул тарихалда жаниб лъураб, гьеб бечед гьабулеб асарлъунги. Рорхатал мугIрузда жанир, гIазул тIогьаз сверун ккураб бакIалдаса зобалда кверги чIван, гIасрабаз гIумру гьабулел ругел къедисезул росулъе нух бихьизабулеб, гьезул рокъобе нуцIа рагьулеб буго «Къеди ва къедисел» абураб гьаб гьайбатаб асаралъ. Абадиялъ битIараблъун батаги гьеб нух ва Къеди абураб кIудияб магIарул рокъобе киданиги нуцIа къазе хъван батугеги БетIергьан Аллагьас.
АхIмад МуртазагIалиев, филологиял гIелмабазул доктор.
РОСДАЛ НАСЛАБАЗЕ БАРАКАТАБ ТIЕХЬ
Лъебералда хадур соназ магIарул адабияталъул тIахьазе редакторлъи гьабулей дир бердасанги квердасанги арал хIалтIабазда гъорлъ дагьал рукIинчIо тарихиял тIахьалги. Дица гьел рикIкIуна, цин гьеб тарих жиндир хIакъалъулъ хъвараб росдаеги, цинги гьеб тарихалъ дагьабги бечед гьабулеб пачалихъалъегицин цIакъ пайдаяб ишлъун. Жидерго тарих лъалареб наслуялъулъ гьитIинабги кIудиябги ВатIаналде рокьиги бижуларо, гьеб тарих хвалчабазги гуллбуцаги, гIетIалъги биялъги наслуялъул букIинеселъе гIоло хъварал бахIарчиял умумузул къиматги лъаларо, жалго умумуллъун лъугьиндал жидерго лъималазе гIоло, кIудияб дунялалда гьел рилунгутIиялъе гIоло рахъун чIезе, мугъ чIвазе къедги батуларо. Гьеб къед гIадаб, наслабазе баракатаб, гIагараб Къеди росдал вас жив вукIиналъги, гьеб хиралъиялъги, гьелъул тарихалъ кверде восиялъги, наслабазухъе гьеб кьей жиндирго борчлъун жинда бихьиялъги, Аллагьас жиндие кьураб лъай-гIакълу гьеб бигьаяб гуреб ишалъе буссинабиялъги баракатаблъун лъугьун буго Къедиса АмирхIамзал ИсмагIилил «Къеди ва къедисел» абураб, росдае гуребги, магIарулазе гуребги, Дагъистаналъул тарихалъе кIудияб сайигъатлъун лъугьараб гьаб тIехьги. Тарих гIелму буго цIакъ гIемераб бакIалда рикIардизе кколеб, цIакъ гIемераб лъалкI цIехезе кколеб, гьитIинаб жо балагьизе кIудиялде раккизе кколеб, ахирги рагIалги ракьанги батулареб, хъванагIан цIиял хIужжаби тIатунеб, гьезда хадур лъугьунеб гIатIидабги гъваридабги, амма наслабазеги, гIураб ракьалъеги, ВатIаналъеги, ВатIан бокьиялъеги пайдаяб гIелму. ИсмагIилил гьаб тIехь цIалулаго дагьабги гъваридго бичIчIана дидаги гьеб, авторас хIалтIизабураб тарихияб литератураялъул сияхIалъги бицуна гьеб. 1256-абилеб соналдаса нахъе тарихалда некIсияб Къеди росдаца ва къедисез гIасрабаз тарал, унго-унгоги кьалбал гъваридал лъалкIал цIехезе лъугьин бигьаяб жо гуреблъи лъачIого гIоларо.
Анкьго соналъ, росдал щибаб кулиялъул тарихгицин хъирщун, цIакъ махщалида, тIадчIун хъван буго ИсмагIилица гIагараб росдал кутакалда бечедаб тарих. Кинаб бугониги хъвараб жоялъул, хасго тарих хъваялъул тIокIлъилъун букIуна, цогиязде данде ккун, гьелъул цIилъи, батIалъи. Диего кIудияб асар гьабуна авторас цIехараб, бакIарараб чIагояб хъвай хъвагIаялъ, ай росдал тарихалъул чIагоял нугIзал жалго ратаниги, умумуз бицун цебехун кьураб тарих гьездасан щвей батаниги, гьезул щивасухъ гIенеккун, къалмикье босун, гьезул сураталцин тIехьалда лъун, данде гьабураб бутIаялъ. ТIехь гIуцIун буго кинабниги анцIила кIиго бутIаялдасан. Кавказалъул мугIрузда тIоцересел гIадамазул бицен гьабигицин байбихьуда батулеб «Ракьал хъвай» абураб цIар лъураб бутIаялдаса жакъасеб, социалиял гьиназда Ункъракьалъул тарихалъул цо-цо масъалабазда тIасан бахIсазде щвезегIан. Цоцада хадур, заманаялъул чваххи хисизабичIого, авторас нилъее рагьула, жиндирго росдал тарихиял тIанчал гурелги, къедисезул тарихалъул сухъмахъаз гъираялда нилъ рачунел цоги районазулги Ункъракьалъул цогидал росабазулги тарих. Амма щибаб заманалда гьеб тарихалъул аслиял гIахьалчагIи руго, жал рукIинчIелани, гьедигIан бечедабги, бахIарчиябги, къохIехьеялъулабги, гIагарал мугIрузул ракьалда доб, арал гIасрабазда жидер кверщел кодосез хIехьезабураб гIечIого, Чачан ракьалде гочинарунги, хадур гьелги жидерго ракьалде тIадруссун рачIун, жалго руссине бакIал щоларого хутIарал, росу-ракьги кулалги чIунтун ратун, жидеда къисматалъ чIамизабураб гIазабалъулги нугIзал – гIакъилал, диргоцин рекIее гIагарлъарал, багьадурал, лебалал росуцоял. НекIсияб тарихалдаса байбихьун, къедисез гуребги, тарих гIелмуялъул вакилзабазги, тIехь кодобе щварав щивав магIаруласги цIакъ гъираялда цIалилин ккола бахIарчиял къедисезул тарихалда гъваридал лъалкIал тараб Имаматалъул тарих байбихьулеб «Шамилил заманги», «ГIурус пачаясул заманги», «Совет хIукуматалъул заманги», «СССР биххун хадуб заманги», «ЦIияб заманги». Авторас гьел цIаразда гъоркь лъун ругел бутIабазда хадуб бачIунеб «Биценал, кучIдул, харбал» бутIаялъ нилъ рачуна къедисезул адабияталде, гьезул кIалзулаб махщелалде, рагIул бегIерлъиялдегун гIакъиллъиялде; кигIан захIмалъаби заманаялъ къулчIизаруниги, магIарулазе хасиятаб, къедисезулъ къечIеб махсаро гъорлъ бугел сатириялги, насихIатиялги, щиб къо тIаде бачIаниги, ВатIан бокьизе ккеялъулги лъикIаланго асарал гъорлъе рачараб, гьитIинаб тIехь гIадаб бутIаялде.
ЦIакъ берцинго тарихияб тартиб цIунараб, цIалдолесул пикрабазул рахас цоцадаса тIолареб, гъираялда цIалулеб тIехь гIагараб росдае сайгъат гьабурав ИсмагIилицаги гьев гIадинал гIагараб росдал тарих хъвалезги, кIвахI тун, тIадчIун гьабулеб хIалтIи – бигьаяб жо гуро. Тарих тIаса лъугьунаро гъалатIаздаса. ГъалатI борчIичIого, хIужжаби цIехон, росдал советалъул архив бегиялдаса байбихьун, Кавказалъулги Россиялъулги тарихчагIазул хъвай-хъвагIаял хъирщун, ритIухъаб, гIагараб росдал тарихалда хурхараб щибаб мухъ къалмикье боси, наслабазе гьеб тей мурадалда сардал-къояз хIалтIи кIудияб баркалаялъе мустахIикъаб захIмат буго. МагIарул щибаб росулъ вахъунев ани ИсмагIил гIадав тарихчи, нилъер кIудияб тарихалъе кутакалда кIвар цIикIкIарабги, бачIунеселъе пайдаябги, гIолеб гIелалъе ВатIан хиралъизе лъайги тарбияги кьолеблъунги, живго авторасул гIумру гIадада ун гьечIолъиялъе хIужжалъунги букIинаан. ИншаАллагь, исламияб диналъе гIоло къеркьарал бахIарчиял умумузул хIакъалъулъ хъваялъ гьезул баракатгун шафагIатги щвелаан. Гьаб тIехь буго гьелъие мисалги, ИсмагIилица жинцаго гьабураб кIудияб хIалтIул хIасилалдаса жиндирго рекIее парахалъи щвезе ихтиярги, Аллагьас гьаб хIалтIуе гIоло гьесда кодоб лъураб къаламалъул баракат наслабазе щвезе гьесул ният тIубайги. Росуцоялго гIадин, гьаб тIехьалдаса пайда босизе рес щварал цIалдолелго гIадин, Аллагьги разилъаги дудаса, Къедиса АмирхIамзал ИсмагIил!
ТубхIат Зургьалова, шагIир, хъвадарухъан.
АВТОРАСУЛ ЦЕБЕРАГIИ
Дагъистаналъул мугIрузда бищунго рикIкIадал кIкIалабахъ риларал кIкIуйдулал росабазул цоялъуб, цо къеда ункъго мадугьаласул чIало-рахи бараб, тIохда азбар бугеб, азбаралдаса росдал нух бугеб минаялъуб батана дида дир бусенги руссенги. Гьениб рагьда цебесан чвахулеб лъарал лъугIи гьечIеб бакъаналда гъоркь гIуна дун. ГIагараб росдал гьетIа-кIичIарал къватIахъ ругьунлъана хьвадизе, гьелъул щобазда щулалъана хIетIе, щибаб кьурулъан рецIцIулел цIорорал лъимаз лъадарана черх. Гьелъ батила гIумрудул гIемерисеб мех гIатIиракьалда ун бугониги, дида дир чIей кидаго магIарухъ букIанин кколеб, кив кьижун вугониги, макьу гIагарал мугIрузда бихьулеб, кида инсул росулъе щваниги, халатаб сапаралдаса дирго рокъове тIад вуссараб гIадаб хIал чорхол букIунеб. ГIагараб росу, дие дур гIадин гьарзаго чвахулел лъаралги, лъим гьуинал иццалги, тIегь-хер ризал ссаналги, гьеб кинабго цIунизе сверун бараб сангар гIадин зодор тIогьалги цун рахъун чIарал рорхатал ва гучал мугIрулги дунялалда тIад цоги кирго гьечIо. Дураздаса чIухIарал къватIал-рукъзалги гьечIо, дур гIадин яхI-рухI бугел, гьобол-гьудул хириял гIадамалги гьечIо. Эбелалъ лъимер гIадин, урхъарав инсуца вас гIадин, дур мугIрул каранде къазе анищан вукIуна дун кидаго. Щиб гьабилеб, гьечIо дир гьедигIан гIебаб керенги, мугIрузда къвал балел гIадал гъуждулги, амма буго ракI - кидаго мунан кIетIолеб, духъ урхъиялъ цоги кибго рахIат щолареб, мун бокьи гурони, цоги рокьи жаниб биччалареб. Гьеб ракIалъ тIамун гьабуна дица гьаб хIалтIи. Къабул гьабе, гъалатIаздаса тIасаги лъугьа.
АмирхIамзал ИсмагIил, тIехьалъул автор.
РОСДАЛ ТАРИХАЛЪЕ ЦIАКЪГО КIВАР БУГЕЛ СОНАЛ ВА ЛЪУГЬА-БАХЪИНАЛ
1256 сон.
Абулмуслим амирасул бетIерлъиялда гъоркь Хунзахъ бахъизе рачIарал бусурбабазул бояздаса нахъе къан Туш мухъалде арав Баяр нуцалги гьесул боги Къеди щвараб сон.
1295-96 сон.
ГIандигIурул тIаралъабаздаса, Къиялъа ва ЦIунтIаса аскарги бакIарун Баяр нуцаласул вас ГIамир-СултIан бусурбабазухъа Хунзахъ бахъизе арал сонал.
1320 сонал.
Хундерил нуцабаз ислам босараб ва жидер тIалъи бугел ракьазда гьез гьеб тIибитIизабизе байбихьараб заман.
1460-1480 сонал.
КIиго къурайшияс - СултIан-АхIмадицаги ГIалибегицаги бетIерлъи гьабулеб гъазизабазул боялъ Къеди вилаят бахъараб ва гьенив амирлъун Мирзабег тараб заман. Гьеб ишалъул хIакъалъулъ гьарун ратарал некIсиял хъвай-хъвагIаязда жаниб рехсон буго тIоцебе Къеди росдал цIар.
1500-1510 сонал.
Багвалал-чIамалаз ва Ункъракь мухъалъ тIубанго ислам босарал сонал.
1650-60 сонал.
Къедиса нуцаби Алдамилазги МелъелтIаса нуцаби ТIурловазги жидедаго гьоркьоб рагъулаб цолъиялъул къотIи-къай гьабураб ва гьеб хъвараб заман.
1720-30 сонал.
Нагагь Къедиса нуцаби тIагIани, жидеда го гьоркьоб Ункъракь бикьизе, тIиндисезги кIкIаралазги къотIи гьабураб ва гьеб хъвараб заман.
1730 сон.
Аваразул хан Гьанкалав нуцал чIвараб ва гьесул вас АмирхIамза Къедиве гочун вачIа раб сон.
1801-1802 сонал.
Гьал соназ аваразул ханлъун вукIарав Ге бек-нуцаласда чIужулъун йикIана гьев АмирхIамзал яс Абай-бика.
1827 с. июль моцI.
Къедиса Алдамил ГIубайдулаца бетIерлъи гьабулеб, 900 чи гъорлъ вугеб магIарулазул ги къиялазулги боялъ, къиялазул рахъалдасан жаниреги ун, тушазде гьужум гьабураб заман.
1837 сон.
Къедиса нуцаби АмирхIамзаца ва Малачи ца бетIерлъи гьабулеб, чанго азар чи вугеб магIарулазул боялъ гьел нуцабазе магъало кьезе инкар гьабурал тушазул росаби тала вур гьарураб сон.
1838 с. август моцI.
Россиялъул хIукуматалъулгун гара-чIва риял гьаризе гIоло, Къедиса Малач нуцал Туплисалде араб заман.
1840-1842 сонал.
Ункъракьалдаса, Тушалъа ва Къиялъа жидее бачIунеб букIараб хараджги джизятги Къедиса нуцабаз Шамилил имаматалъул байтулмалалъе малъарал сонал.
1844 с. ноябр моцI.
Шамилил наибзабаз Къедиса нуцаби чIвараб, росу биххараб ва гьел нуцабазул агьлу-хъизанги гьезул рахъ ккколевщинав чиги гочизавураб заман.
1859–1860 сонал.
Гочизарун рукIарал къедисел росулъе тIад руссараб ва рахъун рукIарал гьезул ракьалги мина-милкги гьезухъе тIад руссинарурал сонал.
1861 сон.
Инарал Лазаревасул бетIерлъиялда гъоркь Къеди ГьитIинарохьалъул майданалда гIурус армия рештIун букIараб сон.
1865 сон.
Шамилил Имаматалъухъ рукIарал жидер мугIрул тIад руссинареян къедисез гьарараб ва гьезухъги гIенеккичIого Россиялъул пачалихъалъул хазинаялде гьел росараб сон.
1867 сон.
ГIурусазул армиялъул полковник Герасимо вас бетIерлъи гьабулеб комиссиялъ, бащадаб Гьиндуха мегIерги къиялазе ккезабун, цIияб гIурхъи лъураб сон.
1871 сон.
Шамилил Имаматалъухъ рукIарал жидер мугIрул тIад руссинареян гьаригун Россиялъул пачаясухъе иргадулаб кагъат къедисез хъвараб сон.
1873 сон.
Инарал ЧIавчIавадзецаги, полковник Орбелианицаги, Ункъракь-чIамалазул наиб Инквачил Дибирасги Цидурохьалъул хIакъалъулъ хIукму гьабураб сон.
1884 сон.
Россиялъул хIукуматалъ Кавказалда гIуцIун букIараб Наслабазул ва Ракьазул суал тIубазабиялъул Идараялде Болъихъеги ахIун, жидерго ракьазул, гIадатазул, наслу кьибилазул ва гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ бицине къедисел риччараб сон.
1886 сон.
Россиялъул хIукуматалъ киналго къедисезулги, гьезул магIишат-яшавалъулги, лъаялъулги, наслу-кьибилалъулги хIакъа лъулъ хъвай-хъвагIай гьабураб сон.
1887 сон.
Игъадахъ мегIер сабаблъун Къеди, Силди, Гьакъо ва кIкIаралазда гьоркьоб букIараб дагIбаялъул Дагъистаналъул судалъ хал гьабураб сон. халкъияб.
1906 сон.
Игъадахъги гьелда сверухъ ругел цогидалги мугIрул къедисел бетIергьанал ругин абун, Баку губерниялъулги Дагъистан областалъ улги Ракьазул ва Пачалихъалъул буголъиялъ ул гIадлу гьабулеб Идараялъ хIукму (бихьизаби) хъвараб сон.
1911 сон.
Росдал мажгит цIи гьабун бараб сон.
1918 сон.
Турказул аскар Къедибе щвараб ва дугъалги чIван гьел ХьуцIда рештIун рукIараб сон.
1921 сон.
Къедиб тIоцебе росдал совет гIуцIараб сон.
1928 сон.
Игъадахъ мегIер сабаблъун силдисездаги къедисездаги гьоркьоб иргадулаб дагIба кка раб сон.
1938 сон.
Къедиб тIоцебе колхоз гIуцIараб ва росдал цо-цо гIадамал кулак гьарун тIагIинарураб сон.
1942 сон.
Гьигьалъа ХIосенил МухIамадил «хъачагъаз» Къедиб колхоз биххараб сон.
1944 с. март моцI.
Къедисел Веденоре гочинарураб ва росу биххизе байбихьараб заман.
1958 сон.
Веденоса тIад руссараб ва цIидасан росу базе байбихьараб сон. ГIага-шагарго гьеб соналъ къиялазул гIорхъи Игъадахъ щобде бахъана ва гьедин къедисезул Гьиндуха, ХъахIалъехъ, АпаратIанахъа тIуранго гьезухъе ккана. мугIрулги
1965 сон.
Къедиги Сасикьги колхоз цадахъ букIараб сон.
1958-1994 сонал.
Сасикь росдал советалда гъорлъ къедисел рукIарал сонал.
1985 - 1988 сонал.
Рагьун дин гьабизе гIадамазе рес щвараб ва биххун букIараб кIудияб мажгит цIидасан базе байбихьараб заман.
1991-1992 сонал.
ГьитIинаб ва КIудияб рохьги майданги сабаблъун дагIба букIараб, гьелъул цо бутIа къедисезухъе нахъе бачIараб, гьедин го, Игъадахъ мегIер сабаблъун къедисез да, сасикьезда, силдисезда ва гьакъосезда гьоркьоб дагIба букIарал сонал.
1994 сон.
Къеди цIидасан росдал совет рагьараб сон.
1995 сон.
Киналго къедиселги ракIарун, Росдал къо гьабураб сон.
1996 сон.
Колхозги гьелъул хутIараб магIишат, боцIи-панзги къедисез жидедаго гьоркьоб бикьун лъугIараб сон.
1999 сон.
Санкьадаса Багьавдиница бетIерлъи гьабулел яргъид гIуцIарал къокъаби Ункъракьалде рачIараб ва гьездаги, Басаев Хаттабил гьединалго къокъабаздаги данде чIезе гIоло къедисез жидерго рагъулал гIуцIаби гьарураб сон.
2002 сон.
КIудияб лъарги бачIун Сасикь росу биххараб ва гьезиеги, гьединго, цо бутIа къедисезеги хIукуматалъ лъикIаб рецIел кьураб сон.
2012 сон.
Асали нух бахъизе байбихьараб сон.
2016 сон.
Киналго къедиселги гIахьаллъун «КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб хIаракат гIуцIараб ва гьеб гIуцIиялъ росулъ бакIал разе байбихьараб сон.
2019 сон.
«КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб хIаракаталъ бараб торгIо хIалеб майданги жамагIатрукъги рагьулеб байрам тIобитIараб ва кIудияб къедги бан Сасикь лъарахъа эхеде хIукуматалъ гьабураб нух лъугIараб сон. Гьеб соналъ хIалтIизе байбихьана Къеди тIоцебе «вайфай» абулеб интернет-бухьен.
1 БУТIА
РАКЬАЛ ХЪВАЙ[1]
КАВКАЗ
Кавказалъул мугIрузул КIудияб щоб байбихьула Крымалда гIагарда бугеб Таман бащдаб чIинкIиллъиялда, лъугIула Бакуялда гIагарда бугеб Апшерон бащдаб чIинкIиллъиялда. Гьелъул гIаммаб халалъи бахуна, гIага-шагарго,1100 километраялде. Ракьал хъваялъул гIелмуялда жаниб Кавказ бикьула кIиго бутIаялде: КIудияб Кавказ ва ГьитIинаб Кавказ. КIудияб Кавказ бикьула лъабго бутIаялде: БакътIерхьул, Гьоркьохъеб ва Бакъбаккул. Бакъбаккул Кавказалъул шималияб, ай хьонлъул рахъалда, Каспий ралъдал рагIаллъабазда буго Дагъистан. Жиндир иргаялда Дагъистанги бикьула чанго бутIаялде: Къилбаялъулаб, Авлахъалъулаб ва Жанисеб. Жанисеб Дагъистаналъул бакътIерхьул рагIаллъабазда бугеб, жинда ГIазул щобин ва ГIандищобин цIар тараб мугIрузул щобги, Кавказалъул КIудияб щобалъул цо гIаркьелги жубалеб бокIоналда буго къедисел гIумру гьабун ругеб Ункъракь мухъ. Дунялалда тIад ругел киналго кIудиял мугIрузулго гIадин, Кавказалъул мугIрузулги гьечIо гIадатияб гIуцIцIи. Европаялъулги Азиялъулги гIорхъилъун бугеб гьеб бакIалда мугIрул лъугьиналъе гIиллаби цIехолаго гIалимзабаз чIезабун буго, миллионал соназ цебе гьениб букIанин ЧIегIераб, Азов, Арал ва Каспий ралъадал цоцалъ журараб цо кIудияб ралъад - океан, тарихалда ругел баяназда рекъон жинда Тетис абун цIар тараб. Гьелъул тIинда букIанин ва гьанже гьел мугIрузул мухъккунги бугин дунялалъул ракьалъул батIи-батIиял къотIелазул ГIарабия ва Скифазулабин цIар тараб кIиго къоноялда[2] гьоркьоб бугеб гIорхъи. Цо заманалдасан, ГIарабия къоноялъул тIадецуй Скифазулаб къоноялде цIцIикIиналъул хIасилалда Тетис ралъдал тIино борхун бачIанин ва гьедин, чанго миллион сонал ун хадуб, гьанже Каспий ва ЧIегIераб ралъадазда гьоркьоб бугеб бакIги ракъдаллъанин, гьеб кIиябго къоноялъул рагIаллъаби цояб цоялде гъоркье-тIаде ккеялъ ва река-рихиялъ гьеб бакIалда мугIрулги лъугьанин. Цинги, цоги миллионал сонал ун хадуб, ракь багъари, гьеб ччукIин, ракьулъа цIаял кIанцIи (вулканал), гIораз, лъараз кванай гIадал тIабигIиял, гьава-бакъалъул хиса басияз гьезул жакъа нилъеда бихьулеб суратги лъугьинабунин. ГьабсагIаталъги гьел ракьул къаназул цоцаде тIадецуй лъугIун гьечIин ва гьелъул хIасилалда Кавказалъул мугIрулги соналдаса соналде рорхалъулел ругин. Къедисел ва гьезул мадугьалзаби ругеб мухъги кидаялиго ралъдал тIино букIун бугин абураб пикруялда нилъ разилъула гьеб мухъалда ругел мугIрузул цо-цо тIогьазде щведал. Бисил кьурабазда тIад жакъаги рихьизе рес буго ралъдалъ гурони жал рукIине рес гьечIел, заман гIемер баялъ ганчIиде сверарал рухIчIаголъабазул суратал. Гьел цIакъго гIемер ратула чIамалаз ГIанчил моцIу[3] ян, къедисез ЗагIи-мегIерин[4] абулеб мугIрул тIогьалъул сверухълъиялдаги Будалаазул магIардаги[5].
.......................................
[1] География
[2] Евразийская (Скифская) и Аравийская плита – устойчивые литосферные
блоки земной коры.
[3] Чачаназ «Заин–корт» абула гьелда.
[4] Шилапа-мегIеринги абула гьелда.
[5] Шилапа мегIер бугеб рахъалда Бисил кьурабазда тIадги ЦIад гьарулеб мегIер бугеб сверухълъиялдаги ганчIида сверарал ралъдал рухIчIаголъаби рихьизе рес буго гьабсагIаталъги. Ралъдал цIва абулеб рухIчIаголъиялъул ва кIудияб щурун къверкъалъул лъугьаралги рукIана дида гьенир ганчIал ратун. АхIул кIкIаланиб цо кьурул парсалъги бихьун букIана щурункъверкъалъул 60-70 см. бугеб гIадинаб сурат. КвартIа-тIагIелгун кIиабизеги гьенив щведал дида гьеб батичIо - гьеб букIараб кьуру биххун ун бугоан. Гьел жал гьенир ва цоги-цоги бакIазда мугIрузда рукIиналъе цо гIилла буго: гьабсагIаталъ Кавказ бугеб бакI кидаялиго ралъдал тIино букIана. Цинги, миллионал сонал ун хадуб гьеб тIаде борхана ва гьенир мугIрулги лъугьана. (Бицана МухIамадил Гъазияс).
КАВКАЗАЛЪУЛ МУГIРУЗДА ТIОЦЕРЕСЕЛ ГIАДАМАЛ
Кавказалъул хIакъалъулъ бицунаго абула гьеб дунялалъулго каву бугин, киналго нухал журалеб бокIонги бугин, кида букIаниги гьеб кавудахъан инчIеб халкъги ракьалда цогIаги гьечIин. ХIакъикъаталдаги, кIиго ралъдада гьоркьоб къараб, шишил габур гIадаб гьеб бакI гIемерал гIасрабаз букIана жинда жанисан бищунго гIемер Азиялдеги Европаялдеги гIадамал доре-гьанире гочарулеб нухлъун. Гьедин букIаниги, Кавказалъул мугIрузде тIоцересел гIадамал кида щварал ва кисан рачIарал абураб суалалъе цо ккураб жаваб тарих гIелмуялъ жеги кьун гьечIо. Цо тарихчагIаз абула гьеб букIанин 10-9 азарго соналъ цебе, чанахъанлъи ва гIалхул нигIматал ракIариялдалъун гIадамаз бетIербахъи гьабулеб заманалъ. ГIагараб Бакъбаккул рахъалда бугеб Месопотамия ва Анатолия абулел ракьаздаса цоял, Гьоркьохъеб Азиялдаса ва Европаялдаса цогидал, цереса-цере гочулаго щванин Кавказалде, ва гьезул цо тайпа, боцIухъанлъиялда ва ракь хIалтIизабиялдаги ругьунлъун гьениб рещтун чIанин. Цогидаз абула, 150-80 азарго соналъ цереги[6] Кавказалда гIадамал рукIанин, гьениса рикьун анин гьел дунялалъул киналго рахъаздейин. Гьедин гьез абула Кавказалъул мугIрузда ругел цо-цо нохъазда ратарал инсанасул гIумруялъул некIсиял лъалкIазда мугъчIвай гьабун. Ункъракь ва ЦIумада мухъалде тIоцересел гIадамал рачIиналъул ва гьел гIумру гьабун гьенир чIеялъул гъваридаб цIех-рехги гIалимзабаз жеги гьабун гьечIо. Цо-цо баяназул кьучIчIалда абизе бегьула гьел гьенир 4-3 азарго соназ церего рещтIун рукIун ратилин. Гьелъие ругел гIиллабазул цояб буго Кавказалъул мугIруздаса рукIарал кIудияб кIваралъул некIсиял нухазул цоял гьеб мухъ къотIунги рукIин. Щиб тайпаялъул, кинаб ракьалдаса рачIарал гIадамал гьел рукIараблъиги жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Нилъер заманалъ Ункъракьалда гIумру гьабун ругел гIадамазул умумул гьел рукIинчIин абизе бегьула. БакIалда ругел биценаздаса ва тарихалда ругел цо-цо хIужабаздаса бихьулеб буго гьел гьенир ахираб 1000-1500 соналда жанир гочун рачIарал цIиял гIадамал рукIин. Гьеб иш жеги цебе ккун букIун батизеги рес буго. Ахираб заманалъ гьеб мухъалъул росабалъ гьарурал ДНК цIех рехаз бицунеб буго гьезул цо-цоязул умумул Кавказалде 4-3 азарго соналъ церего рачIарал рукIин. Гьелдаса хадур гьел Ункъракьалде кин ккун ратаниги, гьеб буго Кавказалда яги жибго Дагъистаналда жанир гIадамал доре-гьанире гочариялъул хIасил.
........................................
[6] История Дагестана. ДГПУ. Махачкала 1997. С. 7
МАГIАРУХЪ
Дунялалъул ракьал хъваялъул гIелмуялда жаниб БакътIерхьул ва Жанисеб Дагъистан рикIкIуна хъачIаб ва жинда тIад гIумру гьабизе захIматаб ракьлъун. Гьеб ккола Дагъистаналъул мугIрузул цIикIарасеб рахъ ва гьениб гIумру гьабун буго аслияб къагIидаялъ авар миллаталъ. Абизе бегьула гьеб кколин Кавказалъул мугIрузул 1/6 бутIа ва гьелда сверухъ ругел цогидал ракьазул гьелда релълъинчIеб жинди-жиндир хаслъиги бугин. Дагъистаналъул бакъбаккул рахъ – Каспиялъул рагIаллъабазде щун, лезги ва дарги миллатазул халкъаз гIумру гьабун бугел ракьал, Гуржистан ва Къиялъ мухъ – керчал рохьазги, гIодоре риччарал, хер гьарзаял мугIрузги, гьединалго гIалахазги ккурал руго. Гьениб гьава бакъгицин батIияб буго Дагъистаналъул магIарухъ букIунелдаса. Кинниги, руго нилъер мугIруздаги гьединабго тIабигIат бугелги бакIал. Гьездаса цояб ккола Къеди росу бугеб ракь. Гьеб росу бугеб мухъалда «Ункъракь» абула. Гьеб буго гьанже себ Гуржистаналъулги, Чачанлъиялъулги, Дагъистаналъулги гIорхъаби журалеб бокIоналда бугеб бакI. Жакъасеб ЦIумада районалъул цо бутIалъун кколеб гьеб мухъалда жанире уна авар мацIалда кIалъалеб микьго ва тIиндадерилги цIунтIадерилги мацIазда кIалъалеб цо-цо росу[7]: Къеди, Сасикь, Силди, Гьакъо, Митрада, Гъоркь-Хъваршини, ТIад-Хъваршини, Цихалахъ, Эчеди[8] ва Хушет[9]. Тарихиял хъвай-хъвагIаязда ратулел ва бакIалъул гIадамазул биценазда жанир ругел баяназде балагьун абизе бегьула гьел росабазда гьоркьоб нус нус соназ Къедиб букIун бугин гьезул тахшагьар гIадаб бакIин. Гьединго, мугIрузулаб Дагъистаналъул гьеб рахъалда гIумру гьабун ругел ва цогIаги нухалъ Къедире щварал гIадамаз нугIлъи гьабула гьеб бугин цIакъ берцинаб ва гIумру гьабизе санагIатаб бакIин. Гьединлъидал батила, кидаялиго Ункъракьалде гьижра гьабун рачIарал Хундерил, Гьидерил гIадамазги[10] гьеб, рорхатал мугIруз сверун къараб, гIурччинал байдабазги керчал рохьазги берцин гьабураб, Кавказалъул бищунго рикIкIадалги гIагардиселги ракьазде унел цо-цо нухалги данделъулеб авлахъ гIумру гьабун чIезе тIаса бищараб. Къедисезул боцIул гьаналъулги, нах-хIаналъулги цIар кибго тIибитIараб букIана[11].
Ункъракьалъул росабалъ (Хушетиги Эчедиги хутIизегIан - авт.) гIумру гьабун ругел гIадамазул мацIги, рухIияб ва дунялияб культураги тIубанго релълъараб буго аваразда. Жидерго хасал мацIал ругел тIиндазул, чIамалазул, багвалазул, хъваршисезул, цIунтIасезул, гьединго къиялазул ва тушазул жамагIатаз сверун ккураб Ункъракьалъул гьеб хаслъи букIин жинда хIикмалъи гьабизе кколеб хIужа буго. Гьелъги бицунеб буго авар мацIалда жал кIалъалел гьел гIадамал гьеб ракьалда тIад киса ругониги гочун рачIун рештIарал рукIин ва тарихалъул роценазда рекъон гьелдаса нахъе гIемер заманги ун гьечIолъи. Ункъракьалъул мугIрузда мучIдузул бищунго цIикIараб хаслъи буго гIияхъанлъи гьабиялда тIад чIезе бугеб санагIалъи. Цо-цо росабазухъ гьел гIураб къадаралда гьечIониги, цогидазул гьел кидаго гIунги тIокIал рукIана. Гьединаздаса ккола Гьакъоги Къедиги росаби. Роол мучIдузул хIал гьедин букIаниги, хасало гьел лъиениги гIолароан ва гIияхъабаз жидерго гIи гочинабизе кколаан рикIкIад ва гIагарда ругел мадугьалзабазул ракьазде. Митрадисел, цихалахъел, хушетал, гъоркь ва тIадхъварщинисел унаан Тушалъе, сасикьел, силдал, къедисел ва гьакъосел – Къиялъе. Цебе заманалъ гьел росабалъ ругел ракьазда тIад бетIергьанлъи букIана кIиго батIияб – хасаб ва гIаммаб. Жиб-жиб росдал гIаммал ракьазда тIад боцIи хьихьизе ихтияр букIана гьеб росдал киналго гIадамазул, амма цо чIараб заманалъ – их бачIаралдаса байбихьун рии чIезегIан. ХутIараб заманалъ - рии чIаралдаса их бачIинегIан гьел рецулел ракьал ва гIалахал унаан Къедиса нуцабазул бетIергьанлъиялда гъоркье. ТIадехун рачарал мисалаздаздасан нилъеда бихьулеб буго XVIII-ХIХ гIасрабаз магIарухъ рецулел ракьал, гIалахал ва жеги рохьалгицин цо-цо гIадамазул хасаб бетIергьанлъиялда рукIараблъи. Гьелъго ритIухъ гьабула гьеб заманалъ гIаммал рекьулел ракьал магIарухъ рукIинчIин абураб пикруги[12].
.......................................
[7] Тарихалда ругел цо-цо баяназулги, бакIалда ругел биценазулги хIисаб гьабидал, Хъварши кIкIалги гьеб кIкIалахъ ругел росабиги, цо кидаялиго, Шамилил заманалдасаги цере Ункъракьалда гьоркьоре (политически) унел рукIанин тола нижеца. КIвар гьечIо гьеб ракь Къеди рукIарал яги КIванкьада рукIарал нуцабазул (АмирхIамзалазул) кверщаликь букIун батаниги. (ЦIех-рех гьабизе ккараб суал буго!).
[8] ТIиндадерил мацIалда кIалъала. Гъазу Гъазуев. Ункъракь. МахIачхъала, 2015. С. 4.
[9] ЦIунтIадерил мацIалда кIалъала.
[10] М. Гусейнов.Союз сельских общин Ункратля. С. 2.
[11] «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу». Хунзахъ бугеб аби. (Хъ. П. Аварский).
[12] Асиятилов С. X. Историко-этнографические очерки хозяйства аварцев (ХIХ-пер. пол. XX вв.). Махачкала, 1967. С. 39-40.
НЕКIСИЯЛ НУХАЛ ВА ГЬЕЗУЛ КIВАР
ЧIантIи ва Шаро-Аргун гIо разул рагIаллъа баздаса, лъарал Хашакь мухъккун тIаде Игъадахъ ме гIералъул щобилъе (2952 м.) букIана боцIиги гIадамал ги Дагъистаналде хьвадулеб нух[13]. Гьелъул хIакъалъ улъ «Древний Хун зах и хунзахцы» абураб тIехьалда жаниб тарихчи Т. М. Айтберовасги бицун буго. Гьесул пикруялда рекъон, монголазул заман бачIиналдего бищун го гучал, сиясатги цебе тIурал Шималияб Кавказалда рукIарал па чалихъаздаса цояб букIун буго, жиндир кверщел кодосел гIадамал некIсиял гьириязул (осетиназул) мацIалда кIалъалеб Алания. Ибн Руста абулев тарихчиясул хъвай-хъвагIаязда рекъон, жеги IX гIа сруялъул кIиабилеб бащалъудаго, гьанжесеб Чачан-Гъалгъаязул ракьалдасан гьеб Аланияги Сарирги цоцалъ бухьараб нух букIун буго. Ал-Масуди абулев гIарабазул тарихчиясги хъван буго, 932 соналде, мугIрузулаб Хунзахъ рукIарал амирзабазда ва Алани ялъул ханзабазда гьоркьоб ригьнал гIагарлъиги букIанин – «гье зул щивас ячун йикIана цогидасул яц» абун[14]. Гьаб мисалалдасаги нилъеда бихьула, цоцада мадугьалихъ бугеб гьеб кIиябго улкаялда гьоркьор щулиял бухьенал рукIараблъи.
Хунзахъ тIалъиялъулгун цогидаб дунялалъул бухьен чIезабу леб жеги чанго нух букIана гьеб заманалъ магIарухъ. Автомашина биги раккун гьезие цIиял нухал гьаризегIан гьел басриял нухазул кIварги хвечIо. Гьел нухаздаса Аваразул ракьалде рорчIизе туш бабазги чанги хIал бихьана, батIи-батIиял халкъазул культураги бачIана, хундерил нуцабазул ханлъиги билъанхъана, чабхъадги хьвадана, цогидаб магIаруллъиялда болмацIги тIибитIана[15]. МугIрузулаб Чачанлъиялъе (Къиял мухъ) цIакъ кIвар бугеб букIана Аргуналъулин жинда абулеб нух. МугIрузул щобал къотIун унеб гьелъ бухьен чIезабулаан Чачаналъ ва Дагъистаналъул магIарухъ ругел киналго халкъазда гьоркьоб, гьединго, гьел халкъаздаги Кабарда ва Гуржистаналда гьоркьоб[16]. Гьеб нухккун цоцалъе хьвадана аваразулги, аланазулги, кабардиназулги ханзабазул вакиллъи ва цо заманалъ гьеб букIана «Великий Шелковый путь» абун тарихалда цIар хутIараб нухалъул цо гIаркьеллъунги. Каспий ралъдал рагIаллъабаздаса байбихьараб ЧIегIераб ралъдал рагIаллъабазде щвезегIан Кавказалъул мугIрул къотIун унеб гьеб нухдаса даранчагIаз баччулаан дарайдул ххам-квар ва цогидаб къайи-цIа[17]. Ункъракьалъул ва гьелда сверун ругел цогидал ракьазул гIадамал даран-базаралъе руссунеб бакIлъун цебе заманалъ букIана Къеди росу[18], жиндир ракьалдаса гьеб нухалъул цо бутIа бугеб. Аваразул нуцаласе магъало бакIарулел чагIиги хьвадана гьениса. Гъалгъаязул ГIаришти абулеб бакIалдаса байбихьараб гуржиязул Тушалъе щун, Кистиялде гIунтIун гьесул ханлъиялда гъоркь рукIарал халкъаздаса бакIарараб магъалоги баччана[19].
ХIанчIаз бусен лъезе гуреб инсана сул хIетIе щвезе рес букIинчIел хIинкъ арал кьурабиги кьвагьун рахъарал гьаб заманалъул шагьранухаздаса машинаби ги роржизарун унел жакъа ругел гIелазе захIматаб иш буго дол некIсиял нухазул ги гьениса хьвадулел рукIаразулги хIал цебе чIезабизе. Гьеб нух тIасан гьабизе ран рукIарал, бакI-бакIалдаса риххарал къадалги, газа-хIосалъ рикIарал мухъ алги хутIун руго гьанже чанги борхатаб кьурулъ. Гьезухъ балагьидал ракIалда ккола, гьединал бакIаздасагийищ нух букIунеб абун[20]. ЦIакъ квешал парсазул тIогьаздаса, кIкIалазул тIиндаса, рорха тал щобалги гIанлъун гьарун рукIун руго нилъер умумуз гьел.
…………………….
[13] «Караванная дорога». Ахмадов Я.З. Очерк исторической географии и этнополитического развития Чечни в XVI-XVIII веках. С. 141.
[14] АйтберовТ.М. Древний Хунзах и хунзахцы. Махачкала, 1990. С.30.
[15] АйтберовТ.М. Древний Хунзах и хунзахцы. Махачкала, 1990. С. 5-8.
[16] История Дагестана. Издательство «Юпитер». Махачкала-1997 г. С. 136.
[17] Гьаб хабар баянаб, тIад кIалъазе бакI гьечIеб хIужа гуро, пикру буго (гипотеза). Гьаб тIехьалъул 9 бутIаялде балагье. «Дагъистаналъул ва Чачаназул мугIрул къотIун кIудияб дармил нух».
[18] Гусейнов М. Союз сельских общин Ункратля. С. 3-7.
[19] Магъало кьезе инкар гьабураб къиялазул цо росдал хIакъалъулъ гьадинаб бицен буго Къеди. Гьеб такъсиралъухъ тамихI хIисабалда гьезда тIад гьабун буго, жидеца кьезе кколеб жоги баччун, гьеб бакIарулеб бакIалде щвезегIан нахъе-нахъе рилълъун рачIине.
[20] Балагье ЦIудубусахъ абулеб бакIалда тIасан кьурулъан букIараб нухлул къадазул хутIелазухъ.
..............................................
Цо кинаб букIаниги ракьалъул бицунаго гьениб букIунеб гьава-бакъалъул бицинги гIадатияб жо буго. Гьединлъидал, Кав казалъул бицунеб гьаб бутIаялда лъолеб буго ахираб 6-7 гIасруял да жаниб гьава-бакъалъул ккараб цо кIвар бугеб хиса-басиялъул хIакъалъулъ хъвараб макъала. РакIалда ккола, гьелда жанир ругел баяназ цо къадаралда гIатIид гьабилин, жидеца гIумру гьабулеб ракьалъул тарихги, гьабсагIат бугеб хIалги, гьелъул букIинесебги цIалдолезда бичIчIи.
ГЬИТIИНАБ ЦIОРОЛ ЗАМАН [21]
14 гIасруялдаса байбихьун 19 гIасруялде щвезегIан гьоркьоб араб заманалда тарихалъул ва ракьал хъваялъул гIалимзабаз цIар тун буго «ГьитIинаб цIорол заман» абун. Жибго кIудияб «ЦIорол заман»[22] ракьалда тIад лъугIана 10-13 азарго соналъ цебе. Миллионал соназ халат бахъараб гьеб заманалъул цо-цо гIужаз риидалги биунареб цIорол бицатаб гъат букIана, гIадат батараб къагIидаялъ дунялалъул ракьалъул Шималияб[23] ва Къилбаялъул [24]тIогьазда (полюсазда) гуребги, гIемерго гъоркьегIан - Крымалде, Кавказалде, гIарабиязулгицин цо-цо ракьазде щун. Гьединаб хIал гьечIониги, ГьитIинаб ЦIорол заманалъги нилъер мугIрузда цIакъ квачан букIана ва гьеб квач кинабго дунялалъего гIаммабги букIана. Хасго гьеб цIороялъ кIудияб зарал гьабуна дунялалъул Шималияб бащалъиялда ругел ракьазе (Северное полушарие). Европаялъул халкъаз рехун тана ва риххана гIемерал росаби, хвана ва пайда гьечIеллъун лъугьана рекьулел ракьал ва гIалахал. Нилъер заманалъ цIакъго квачараб хасало гурони цIороларел Темза, Рона, Нева гIадинал гIорал жиб-жиб хасало цIералъ рацун рукIунаан. Тарихалда буго, гьеб заман бачIинегIан цIибилгицин барщулел рукIарал Англиялъул ва Шотландиялъул ракьаздаса гьеб тIагIанин. Гьеб тIагIун букIана гьанжесеб Германиялъул цо цо ракьаздасаги. Ракъиялъги, гьебгун цадахъ раккарал унтабазги лъедер гьабуна халкъалъул къадар. Цогидал «гIорцIарал» хинал гIасрабаз[25] рукIаразда дандеккун, гьеб заманалъ рагъалги гIемер ккана, гьезул халалъиги вахIшилъиги цIцIикIана. Дунялалъул хинаб рахълъун рикIкIунеб Азиялда ругел Япония ва Китаялдегицин щвана гьеб цIороялъул хвалилал чIорал. Гьел ракьазе гIадатиял пихъал хвана, пиринчI барщин дагьлъиялъ ракъул заман бачIана. Гьеб цIороялъул хIасил гьанжесеб Россиялъул ракьазеги лъикIаб букIинчIо. Бакъбай (засуха) яги цIадал гIемерго цIикIкIун рай, риидал ва хасалихълъуда цIорой бачIин, гIоразда лъим цIикIкIун авлахъал гъанкъи, цIакъго квачарал хаселал рачIин сабаблъун бачIана ракъи, унтаби, ккана гIемерал рагъал ва гьелдалъун дагьлъана гIурус халкъ. Гьединал захIматал заманабаз хинал ракьал цIехон, гьезул цо бутIа лъутана къилбаялдехун (Кавказалде, Крымалде) ва гьедин гIемерлъана гьел ракьазда казаказул росаби (Доналъул казакал, Терекалъул казакал). Гьеб гьедин ккеялъе рукIарал гIиллабазул цояблъун гIалимзабаз рехсон буго бакъул хIалтIул къагIида хиси, гьелдаса ракьалде бачIунеб хинлъиялъул хIал дагьлъи. Гьелдаго бухьараб буго ракьалда тIад рохьал гIемерлъиги. Гьелъие бугеб цоги гIиллалъун бихьизабун буго дунялалъул тIогьазда (полюсазда) бугеб цIер биин цIикIкIиналъ, ралъдал цIамхIалаб лъелъ цIамхIалаб гуреб лъел къадар цIикIкIин ва гьелдалъун гьеб лъел хьвадиялъул (Гольфстрим)[26] гIадлу биххи. Щиб хIалха букIараб гьеб заманалъ Кавказалъул мугIрузда? Гьеб суалалъе жаваблъун рачине бегьулел хIужаби тарихалда гIунги тIокIал руго. Гьездаса цояб буго Кавказалъул гIемерисел гIорал хасало тIуранго цIералъ рацулел рукIанин абун бугеб баян. ГIанди гIорги гьединго цIералъ бацулеб букIанин буго тарихалда. МагIарухъ жиб-жиб ракьалда руго биценал гьеб заман бачIинегIан гохI-щобазда, мугIрузул цо-цо тIогьаздагицин рукIарал росаби гIадамаз рехун теялъул хIакъалъулъ. Къедиса гьидалъел нахъе иналъе рачунел гIиллабазулги цояб гьеб цIорой бачIин буго. Гьедин рехун тарал росабазул хутIелалги нилъер мугIрузда гIемер руго. ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехазда буго, гьанже нилъеда лъа лел цIорол мугIрузда бугеб цIорол гъаталъул рагIаллъаби гьел гIа срабазда гIемерго рехегIан, цо-цо доб заманалъул росаби рукIарал бакIаздегицин щун рукIанин. «ЦебемегIер[27]» ва «Бисил кьуро» ян къедисез абулеб мугIрул щобалда цIар ракьал хъваялъул гIелму ялда жаниб «ГIазул мегIер» абун буго. Риидалги биун лъугIулареб гIазу букIараб хIисаб буго гьелъул тIогьазда. Гьай-гьай, гьединаб заман бачIиналъ дагьлъана гIадамазухъ боцIи, хвана яги гIемерго дагьлъана ракьалдаса бачIин, гьелъул хIасилалда рачIана ракъул сонал, цIикIкIана унтаби, хасго вабаъ гIадинаб унти бачIин. Хун яги нахъе гочун гIемерго дагьлъана мугIрузда халкъ. 19 гIасруялда байбихьун буго гьеб хIал хисизе, хинлъизе лъугьун буго дунял. Жакъасеб гIелалъул гIумруялда жанибгицин лъалаго хисана нилъер бакIалда гьава-бакъ. 30-40 соналъ цереги ралел рукIарал кIудиял гIазаби рай дагьлъана, гIиссинпихъгицин тIубанго барщулеб букIинчIеб Къеди багIли ва курак кванана, цIулакьо бижана, цIоросаролъ, багIар-гьоло, помидор, охцер барщана. Гьава-бакъалда хадуб хал кколел гIалимзабаз абулеб буго, гIагарал соназда жаниб ракьалда хинлъи жеги цIикIкIине бугин. Гьединго гьезул буго пикру, гьеб хинаб заман циндаго гьоркьоб къотIизеги бегьулин. Кида ва щиб гIиллаялдалъун гьеб ккезе бегьулеб абураб суалалъе цоккураб жавабги гьезул гьечIо.
…………………………..
[21] Малый ледниковый период — период глобального относительного похолодания, имевший место на Земле в течение XIV—XIX веков. Данный период является наиболее холодным по среднегодовым температурам за последние 2 тысячи лет.
[22] Ледниковый период (науч. оледенение) — периодически повторяющийся этап геологической истории Земли (продолжительностью в несколько миллионов лет), во время которого наблюдается общее относительное похолодание климата и возникают значительные разрастания материковых ледниковых покровов.
[23] Северный.
[24] Южный.
[25] VIII – XIII гIасраби.
[26] Гольфстримом часто называют систему тёплых течений в северной части Атлантического океана. Благодаря Гольфстриму страны Европы, прилегающие к Атлантическому океану, отличаются более мягким климатом, нежели другие регионы на той же географической широте. Например, российская Сибирь.
[27] Бахо.
КЪЕДИ РОСДАЛ ЦIАР ВА ГЬЕЛЪУЛ МАГIНА
(Этимология).
1. МацIалъул гIалимзабазул цо ккураб пикру гьечIо «КЪЕДИ» абураб рагIул магIнаялда тIасан. Цояз абула гьеб бугин КЪЕД (хъаладул къед яги росу сверун къед гIадин ругел кьурабазулги мугIрузулги щобал), цогидаз – КЪАДИ (къази, судья), къади вугеб, къади чIчIараб бакI.
2. Буго пикру гьеб рагIи лъугьун батилин аланазул КЪЕВДИН абураб рагIиялдасан. Гьелъул магIна ккола чи хведал гор гьабун зигараялъе чIей, рохалие яги квана-гьекъезе цо бакIалда сверун руссин, ай ГОРСВЕРИ. Къеди росу бугеб ракь буго кIудияб гъадароялда релълъараб - сверун гор гьабун рорхатал мугIрул ругеб гIатIидаб авлахъ[28].
3. ЛъаратIа районалда буго Къардиб абун росу. Цо-цо тарихчагIаз ва мацIалъул гIалимзабаз абулеб буго гьеб рагIул магIна бугин КЪАРАБ, ай цебехун нух гьечIеб бакI, кIкIалал ракьан. Къеди росу бугеб ва лъаратIисезул Къардиб бугеб бакIалги данде ккун хIисаб гьабидал бихьулеб буго гьел релълъа-рехъарал рукIин ва, гьединлъидал, абизе бегьула гьел росабазул гьел цIарал лъугьиналъе гIиллаги цо батилин[29]. Гьанжеялде кодор щварал тарихиял хъвай-хъвагIаязда жаниб бищунго цебе Къеди росдал цIар рехсараб заман буго 14-15 гIасраби. 18-19 гIасрабаз гIурусаз гьарурал хъвай-хъвагIаязда жаниб гьеб цIар бихьизабун буго чанго батIияб къагIидаялъ: КИДО, КИДУ, КИДЫ, КИДИБ, КЕД, КЕЙДИ, ГЕДИ, ГИДО, ва гь. ц. КЪЕДИ абураб рагIул цо-цо хиса-свери: Къеди, Къедиб, Къедире, Къедиса, Къедирехун.
......................................................
[28] Ке –каву, гьин. (Алан мацI). Арза Ке. Арза – мегIер, ке – ворота. (Урарту). «Аланазул каву» – вариант (авт.).
[29] ЛъаратIисезул Къардиб гIадин кIкIалал ракьан букIинчIо цебе Къеди росу бугеб бакI. КIудияб кIвар бугел некIсиял нухал рукIана гьеб росу къотIун Къиялъе, Гъалгъаялъе, Гьириялъе ва цогидалги бакIазде унел.
КЪЕДИР РУГЕЛ БАКIАЗУЛ ЦIАРАЗДА ХУРХАРАЛ ЦО-ЦО БАЯНАЛ:
- ГьитIирохь – ГьатIан рохь. Насранияб дин бугеб заманалъ гьатIан букIараб, къурбан хъвезе насраниял ракIарулел рукIараб бакI[30]. (Гипотеза – авт.). (Гьакъоб ва Силдиб бугеб гIадин).
- ЧагIичобакI[31]. Херал гIадамал кьурулъа гъоркье рехун хвезарулеб гIадат букIараб цIакъго цебе заманалъ Къедисез жидерго херал рехулел рукIараб бакI. Гьелъул цIаралда жаниб жакъагицин хутIун буго гьединаб магIна. (ЧагIи Чо бакI - ЧагIи чIвалеб бакI).
- Чалахо - бихьиназул цIар (Гуржистан). Шалахо – Кавказалдаго жиб тIибитIараб цо кьурдиялда цIар. Гьеб кьурдиялъул къагIидаби цIакъго тIиритIарал руго Эрмениялълъ, Азербайджаналда ва Гуржиялълъ.
- Асали – Асал – бихьиназул цIар (гуржи мацI), ГьоцIо (гIараб мацI).
- Гьандабури – Гандабури – бихьиназул цIар (Эрмения).
- Инко (Энко) – бихьиназул цIар (Къиялъ).
- Бурзи хIарахь - Бурзи – бихьиназул цIар (Азербайдж.).
- Игъадахъ – «НахъамегIер» (къедисел), «Бидул лъар» (чIамал.).
- Бахо – «ЦебемегIер» (къедисел, 19 гIасру).
- Гьиндух – Гьин-духъ – Гьиналъухъ. (Мисал: Хъала-духъ). Гьанже Чачаназул (цебе-къиялазул) Шарой мухъалда гъорлъ хъвараб къедисезул мегIер.
- ХъахIалъехъ – (Игъадахъ нахъа бугеб мегIер. Гьенисан чвахулеб лъарал мухъ буго хъахIаб гамачI жаниб бугеб, гьелдаса лъугьараб буго гьеб цIар).
- Алдамил иццухъ – (Алдам-хи, чач.). Гьиндуха магIарда къиялазулги къедисезулги ахирисеб гIорхъи (халкъ разияб). (1867 соналъ гьеб гIорхъи Пахъуралъул хIорихъе бахъана. Совет хIукуматалъул заманалъ Игъадахъ щобда лъуна, гьедин гьеб Гьиндуха мегIер тIубанго къиялазухъ ккана).
- БичIу къай – БичIо – бихьиназул цIар (Гуржистан). БичIараб (?).
- СиватIа – «Сиялда тIад». Росдал жаниблъиялда бугеб бищунго борхатаб гохI. ЦохIо Асали кIкIал хутIизегIан, кинабго Къеди жаниблъи бихьула гьенисан. Бицен буго цебе гьениб хъаравуллъи букIунаанин, сверухълъиялда хал кквезе ва ахIул цIа бакизе лъураб.
- Авукь – Авух – Дагъистаналъул цо мухъалда цIар.
- Каву – гьин, хъала (гIараб). Къеди жаниблъиялъул бакьулъ бугеб кьурул гIус, росдал цо авал.
- Кавулъи – ТIинди росдал цо авал.
- Мацил бакълъи – Маци – бихьиназул цIар (Гуржистан).
- Чурал бакълъи – Чура – бихьиназул цIар (татаразул).
- ЦIцIаданикь - ЦIа – хъанч, хъанчие лагълъи гьабулеб бакI (аланазул) (?). Буго пикру гьеб бакIалда цо кидаялиго росу букIун батилин. ГIадамазул рукъзазул хутIарал къадал, кьучIчIал рукIараб гIадаб сурат буго гьениб бугеб хIорда цебе, росулъехун балагьараб борхалъуда тIад.
- ЦIунтIадерилги гуржиязулги мацIалда «кIеди» абула къедалда, рагъул щулалъиялда. Гьединлъидал, дир хIисабалда, Къеди росдал цIарги гьеб магIнаялда бугеб батилин ккола. Гьединабго цIар бугеб кIиго росу Гуржиялълъги буго. (Бицана ИсмагIилил МухIамадил Къурбандибирас).
- Къиялазул рахъалда бугеб нижер мегIералъул[32] хIакъалъулъ бицунаго къиялаз абун буго: «Гьеб хвалчаца бахъараб мегIер буго, ниж гьелда хъваларо», - ян. Нижер мацIалда «Игъадахъ» абураб рагIул магIнаги «Бидул лъар» абун буго. «И – Э» – би, «гъадахъ» - лъар. (Бицана ТIад-Гьаквариса мугIалим ва тарихчи Давудица).
- Къибуди - тумаз жидедаго абулеб цIар.
- Гъумекибги буго авал КИВУДИ -ян цIар бугеб ва цебе жинда жаниб хъала букIараб. (Тумазул КИВУДИ – къедисезул КАВУ).
- КIкIирди - кIкIаралаз жидедаго абулеб цIар.
Цо заманалъ Асали эрмениязулги чIей букIун бугин буго Къеди бицен. (Насранияб дин бугел гIадамал (?) – авт.).
-ХIакьил харини.
- Халикъилалъул щар буссаралъуб – (Хелекь колодаса ячIуней Халикъилалъ, рокъое щвелалде буссине абун, тIорахьги жанибе тIун дад бухьун буго мугъалда. Гъоркьхелекье щведал, гIодойги ккун, гьелъул дад бекун буго, гьеб бакIалда къедисез гьаб цIарги тун буго).
- Туту-КIушкIандил сали – Чалахо.
- Тунжи-ГIисал гьоцIо - ЦIаданикь хIорда аскIоб.
.................................................
[30] Къеди ругел цогидал рохьазда данде ккун, гьеб гьитIинаб гьечIо. Амма гьелда щаялиго ГьитIин-рохьин абулеб батана. Бицен буго Къеди жаниблъиялдаги къурбан хъвезе насраниял яги цоги кинаб букIаниги диналда ругел гIадамал руссунеб бакI букIанин, гьединлъидал бижана гьаб пикру.
[31] ЦIакъго цебе заманалъ, херлъун гъоркь хутIарал росдал гIадамал ЧагIичобакIалдаса гъоркье рехулел рукIун ратилин тола дица. Гьелъул цIаралда жанибги гьеб магIна буго, биценги гьедин бачIун буго. Хвезе кколел чагIи рехизе бегьулеб бакIги гьелда нахъехун, росулъа бихьулареб рахъалда Нохъодул кIкIалахъ буго. Гьеб бакIалъул аххада, лъар бахун доб цояб рахъалда гьитIинабго майданлъиги буго жинда тIад занал, хобал ругеб гIадаб хIисаб бугеб.
(Бицана МухIамадил Гъазияс).
(Гьеб майданалда чуял кIутIулел рукIун руго риидал Къеди мугIрузде гIигун рачIарал хундерил гIухьбуз. «Хундерил чуял кIутIулеб бакI» абун цIарги хутIун буго гьелъул. Гьелъие гIилла батизе бегьула, гьеб, балагьараб мехалъ, бецизе яги бекьизе бегьулеб бакIалда бетIергьанлъи гьабулел гIадамал гьечIолъи - авт.). (Хабалазул ракь букIиналъ (??)).
(ЦIехезе ккола!).
[32] Къедиб Бисил кьурабазда нахъа бугеб ЧIамикь мегIер.
[33] Хъазил МухIамадил Завурбегица бицана.
БУХЬЕНАЛЪЕ ЦIА БАКУЛЕЛ БАКIАЛ
(ахIул цIа – авт.)[33]:
- Кавуда.
- БухIода заназухъ.
- Эчеди магIарда.
- ТIинди магIарда.
КЪИЯЛЪ РУГЕЛ, КЪЕДИБ ТОПОНИМИЯЛДА[34] ВА ГIАДАМАЗУЛ ЦIАРАЗДА ЦIАРАЛ РЕЛЪЛЪАРАЛ БАКIАЛ[35],[36].
2. Алдама Iу вийнача метта-метта. - Алдамица вехь чIвараб къайи[37].
3. Къувдие (Кувдие) – Чачаназул Нашахалъул бакътIерхьул гIорхъода бугеб гIалах. Къувди - аланазул мацIалда: квана-гьекъезе горсверуда гIодорчIей, кверкьеялъул горсвери.
4. Къевдиш чуьра догIу хи (Кевдиш чюра догу хи) - Къевдиса чвахулеб лъим.
5. Къевдин чоь (Кевдин чё) – «Къевди магIарда» аскIоб жаниблъи.
6. Къевдин лам[38] (Кевдин лам) – Къевди мегIер. Пешхъаялъул бакътIерхьул рахъалда бугеб мегIер.
7. ГIумаханан гIала (Умаханан гала) - ГIумаханил хъала. ТIерлой мухъалъул БархIа росулъ[39].
8. Хушпаран бIав (Хушпаран бав) - Хучбарил хъала[40]. ТIерлой мухъалъул БархIа росулъ.
13. Элан бIав (Элан бав) – нуцабазул си. Итум-Хъала мухъалъул НикIара росулъ буго.
14. Хушпаран гIала (Хушпаран г;ала) – Хучбарил си. НикIара росулъ.
15. Алдамна[41] Шемила совг;атана белла лам (Алдамна Шемила совгатана белла лам) – Шамиль имамас Алдамие сайгъат гьабураб мегIер. Итум-Хъала росдада аскIоб, ЧIанти Аргун гIоралда тIад.
18. Кеда йистие (Кеда йистие) – гъадароялъул рагIалда. Къеристиялдаса бакътIерхьул рахъалда. Гьеб бакIалъул сурат буго гъадароялда релълъараб. (Къеди росу бугеб бакIги кIудияб гъадароялда релълъараб буго – авт.).
51. Бураша[42] цана (Бураша цана) – Бурашил реци.
25. Алдаман гIаланаш (Алдаман галанаш) – Алдамил си. ЦIамада росулъ. Алдам – Шамилил наиб.
26. ГIамболатан[43] гIала (Гамболатан гала) – Гъанбулатил си. ЦIера-гутI росулъ. 40. Алдаман хьайра (Алдаман хайра) – Алдамил гьобо. 56. Олдамхие чуо[44] (Олдамхие чуо) – Алдамил ицц. 64. Алдам-ГIезин ков (Алдам-Гезик ков) – Алдамил вас Гъазил каву (хъала). МакIажо росдада аскIоб[45].
[34] Топонимия – бакIазул цIарал.
[35] Гьанир рехсарал бакIазул цIарал, Аргун гIурул тIасияб рахъалда гурони, гьанжесеб Чачаналълъ цоги бакIазда данд чIваларо.
[36] М. Сулейманов. Топонимия Чечни.
[37] Къевди мегIералъул Нашахалъул рахъалда бугеб бакI.
[38] Къевдин – (аланазул мацIалда – кверкьеялъул горсвери, рохалилаб байрам, гIалахалде ун квана-гьекъезе гIодор чIей (пикник). Гьеб Къевдинги Къедиги цIакъ цоцада релълъарал цIарал руго. Жибго Къеди росу бугеб бакIги, рохьазги,гIалахазги, гIемерал лъарал жидедаса чвахулел гIурччинал мугIрузги гор гьабун сверун къараб кIудияб гъадароялда релълъараб буго, Аллагьасго жиб байрамал тIоритIизеги, рохалилал гIодорчIеял гьаризеги бижараб гIадин.
[39] ГIумахан – Къедиги Хунзахъги нуцабазул тухумалъул бихьиназул цIар.
[40] Хушпар (Хучбар) – гьидерил халкъияв бахIарчиясул ва нуцабазул цIар.
[41] Балагье: И. ГъазимухIамадов. Правители Ункратля и Киялала. 26 гьум. Шамил имамас Алдамихъе хъвараб кагъат.
[42] Бурашилал руго Къедиса.
[43] Гъанбулат - Къедиса нуцабазул наслуялъул бихьиназул цIар.
[44] Алдам-хи – Алдамил ицц. ГьагIмадисезулги къедисезулги ракьалъул ахирисеб гIорхъи.
[45] Чачаназул ЧIарбил мухъалда бугеб росу.
КЪЕДИСЕЗУЛ КУЛАБИ[46]
АмирхIамзал МухIамад:
- Дица гьаниб бицине буго нилъер кIудиял чагIаз рицун дида лъарал кулабазул ва гIиял къаябазул хIакъалъулъ хабар, къедисезул хадусел гIелазе пайдаялъе букIине.
АСАЛИ КIАЛТIА ВА ГЪАРЦIАБАЛЪ (4 кули)
1. Асали кIалтIа, Асали сверулеб бакIалда бугеб кули ШамилгIисалазул Каримил бугин бицана дида Багьавдинил Расулица, жиндаги Пайзулал Зайбатица бицанин абун. ГьабсагIаталъ жидер бугин абун гьеб бакIалъул тIалаб гьабулеб буго Камилил[47] МухIамадхIабибица.
2. Асали лъар бахараб бакIалда тIад бугеб кули (ШамилгIисалазул хурибе цIараб). ШамилгIисалаз гьеб кули бичун букIун буго 1944 соналъ къедисел Веденоре гочинаридал Сасикьа ГIабдукаримил Манапие, Веденоса нахъе рачIани тIад буссинабизе къотIигун, амма жакъаги нахъе босун лъугIун гьечIо. Дида лъала, дун Къедив дибирлъун вугеб заманалъ гьеб нахъе босулел абун рукIана ГIисал Багьавдинил лъимал. Гьеб къотIиялъул хIакъалъулъ ва сасикьез гьелъухъ гIиялъажал гIемер абиялъ нахъе босичIого хутIун бугин гьебин абун бицана дида гьел Багьавдинилаз.
3. ГъарцIабалъ тIарада бугеб кули лъабгоязе бикьизе кколеб бугин абула: ГIубайдулае, Дибирасе ва ХIайбулае. Гьел лъабазулго хъизанал руго нахъе.
4. ГIетIараб лъарахъа эхере унаго кьурулъан бугеб нухги лъугIараб, кIкIалги бахараб бакIалда сверуда бугеб кули Лабазанил МухIамадил буго (гьеб бакIалда гьанже кули букIараб суратцин хутIун гьечIо). Гьесул хъизаназул чIей Хасавюрталда буго. Гьеб ГIетIараб лъарахъ букIана кIиго гьобо. Цоялда Салталин, цогидалда Зайпулалин абулеб.
ГЬИТIИНАБ РОХЬОБ ВА МАЙДАНАЛДА (18 кули)
5. КIудияб рохьалъул майданалда бищун аххада бугеб кули МикагIилил Малачиласул буго.
6. ГьитIинаб рохьоб рагIалда буго МуртазагIалил ГIабдулал кули.
7. Гьелдаса росулъехун, рохьил рагIалда – Сагитил.
8. Гьелда тIадехун – ХIасанил.
9. Гьелда тIад, МухIамадсултIанил. Гъоркьияб гIансикIкIалахъехун
10. Рохьоб жаниб росдадехун – ГIусманил ГIабасил.–
11. Гъоркьияб гIансикIкIалалъул кIалда дагьаб тIадегIан (росдадехун) – Искил. 12. ГьитIинаб рохьалъул аххада, ТIасияб гIансикIкIалалъул кIалтIа гъоркьехун лъарал рагIалда бугеб кули Мажидил буго.
13. Гьенибго буго БацIухIилги.
14. Гьенибго, жанибккеялда бугеб – Тумал ГIалиханил.
15. Гьеб бугеб рахъалдехун – ГьитIичилазул.
16. Шигьабудинил.
17. Чуралбакълъул аххада буго Баширил.
18. Гунащил (мацI лъаларев ГIабдурахIманил эмен).
19. Насибил ГIаммал.
20. ШамилгIисалазул Каримил. «ГIиса бакъда лъикI, Карим хьонда лъикI» - Кулазул можоро тIамулаго, Гьандабуриб бугеб кули жиндие ккедал Каримил вац ГIисаца абурал рагIаби.
21. Чуралбакъда рагIалда, гохIда – Къайидибирасул.
22. Чимчарал. Майданалда ругел гьал кулазул хIакъалъулъ дие бицун букIана НурмухIамадил Зубайрица, ГъазимухIамадил МухIамадсултIаница ва Пайзулал Халисатица. Гьезул хабар дица гьеб заманалъго хъванги букIана.
ДОБА ГЬАНДАБУРИ (12 кули)
23. Доба Гьандабури кIкIал бахараб бакIалда тIадехун колхозалъе перма гьабун букIараб кули – Мажидилги.
24. ХъаршигIалилги.
25. Гьелда гъоркьехун – Ужабилазул.
26. Гьезда тIадехун гохIда бугеб – Гъазиясул.
27. Гьелдаса добехун бугеб кIудияб хурул добцояб рагIалда – Чупанил.
28. Чупанил колода гъоркьехун, дагьаб добегIан, цIияб бахъараб нухда тIад – Чакар ГIусманил.
29. Гьеб битIун гъоркь рагIалда – ГIащикъил.
30. Гьелдасан добехун – Зиявдинил.
31. Гьелдасанги добехун – Шамсудинил.
32. Шамсудинил кули битIун тIад бугеб жаниблъиялда – Малачиласул.
33. Гьенибго буго ГIамиргIалилазулги кули.
34. Гьездаса росдадехун, Асали ине бахъараб нухда тIад – МухIучил ГIабдулал.
БАКЬУЛЪ ГЬАНДАБУРИ (15 кули)
35. Росулъа Гьандабурире рачIунаго батулеб тIоцебесеб кIкIал бахараб бакIалда нухда тIад бугеб кули буго Бурашилазул.
36. Гьелдаса добехун, нухда аскIоб квегIиса майданалда бугеб кули буго КIудияв АмирхIамзал букIараб, гьесул вас Сурхайил Аслахание ирсалъе щвараб. Гьеб гьанже ирслъун ккола дир эмен АмирхIамзае ва гьесул вац Мусае.
37. Гьеб АмирхIамзал колода гъоркьехун гьелда цун буго ГIабдухаликъилазул кули.
38. АмирхIамзал кулиялъул росулъехун бугеб рахъалда жаниб анлъго натIалъ жубараб - ХIамзатил МухIамадханил.
39. АмирхIамзал колодаса добехун бугеб хурул рагIалда - МухIамадсултIанилазул.
40. Бакьулъ Гьандабури добаб рагIалдаса тIаде рахиндал, гьабсагIат ГIабасил МухIамадил ГIабасихъ бугеб – Загьраласул.
41. Гьелда тIадехун - Гехал.
42. Гехалалда цун – ИмангIалил.
43. Гьезда тIад – Туначилазул.
44. Гьелдаги тIад гохIилъ – Эпил ГIумарил ХIасанил.
45. ХIасанил кули битIун росулъехун рагIалда – Пайзулал.
46. Пайзулал кули битIун гъоркь майданлъиялда – ХIинцалазул.
47. Гьелда гъоркьехун аскIо-аскIор руго – Чимчарал.
48. Ва Батирхан - Шавалханилазул.
49. Бакьулъ Гьандабури кIкIал бахараб бакIалда, Бурашилазул колода гъоркьехун рагIалда буго КъадихIмалазул кули.
ТIАД ГЬАНДАБУРИ (8 кули)
50. Бищун тIарада – МухIамадгIалил.
51. Гьелда гъоркьехун Темерсултаница тIох лъураб – ГIалидибирасул.
52. Гьелда гъоркьехун, Сабигулал МухIамадица тIох лъураб – ХIайбулалазул.
53. Гьелдаги гъоркьехун – ИсмагIилил МухIамадил.
54. Гьелдаги гъоркьехун – Тумал ГIаммал.
55. Цинги – ШамилгIисал.
56. Бакъда цебе бугеб кули – Ганкьил ХIажихIмал. (ГIабдухабирил ГIумарица тIох лъун гьанже гьесул хъизамалъухъ буго).
57. ХIажихIмалалда гъоркьехун - ГIусманилазул кули. (Гьелги ХIажихIмалалги цо чагIи ккола).
ЖАНИ ЭНКО (4 кули)
58. Жани Энко тIарада, гьабсагIат ГIабасил МухIамадил ГIабасица хIалтIизабулеб кули Абукил (Абубакарил) буго.
59. Гьелда гъоркьехун, дицаги инсуцаги гьабсагIаталъ рукъзал гьарун ругеб бакI ХIадисил Мусал буго. Гьесул кули букIараб бакI гьеб рукъ бугеб бакIалда гъоркьехун буго.
60. Гьениса эхебегIан, Жани Энко сверуда бугеб перма дицаги инсуцаги бараб буго кьуруги бухъун. Цебе гьениб гIицIцIаб кьуру гуреб жо букIинчIо.
61. Гьеб пермаялде сверулеб бакIалда нухлул хьибилалда квараниса букIараб кулиялда ГIалиханил Нажмудинил кулиян абула. Нажмудинил вас Шагьрунабица гьелъул гамачI бичун буго ГIабдухабирил Надирбегил Ибрагьимие. Гьениб гьанже хутIараб гамачI буго колхозалъ ХIадисил Мусал колодаса гьенибе баччун букIараб.
ЧАЛАХО (19 кули)
62. Сандуса хариниб тIад бугеб кули – Халитилазул.
63. Сандуса хариниб гъоркь бугеб кули – Анлъичилазул.
64. Лъар бахун гьанибехун лъарал рагIалда – ХважакIил Юсупил.
65. Гьелда цун бакьулъ бугеб бакI – ИсмагIилил. (Шаваялда вугев Якъубил эмен). 66. Гьелдаса гьанибехун – КIушкIандил ГIалил Исрапилазул.
67. Гьел кулаздаса эхедехун квегIаб рахъалда ракьанда – ГIамиргIалилазул.
68. Гьелда тIадехун, жаниб ихх кIанцIараб кули – ЧIахIил ГIисал.
69. Гьелда тIадехун – Искил. (Гьеб Искил кули Багистанил Шамилица босун бугин букIана хабар).
70. Искилазул хуралда нахъа бугеб кIкIал бахун добехун, гьитIинаб жаниблъиялда ХIамидханил кули бугин бицана дида инсуца. Ту-ту КIушкIандил кулиянги абула гьелда.
71. Гьелдаса тIадехун, кваранаб рахъалда – Нуцалханилазул.
72. Гьеб колодаса дагьаб тIадегIан, лъар бахун добехун – Шавалхан-Батирханилазул кули. (Нуцалханилаз гьезухъан босараб бугинги абула гьеб).
73. Гьелдаса тIадехун бугеб салиги тун эхеде, нохъо битIун гъоркь хIархьиниб жаниб – ХIамидханил. (Гьесул рукIана вас ГIали ва яс Нина).
74. Чвахуда тIад лъарал рагIалда бугеб кули – Парил НурмухIамадил Шаруханил. 75. Гьелда цураб, цебеса рахъ – ГьитIвасил ГIумарил. Гьеб колол Шаруханихъ бугеб рахъ букIун буго ГьитIвасил ГIалил. Гьев ГIалил букIун буго Квешаб нухлул щобил аххада, Жухабазде рахунеб бакIалда бугеб кулиги. Гьеб колода рукIарал гьесул кIиго вас, квенги лъугIун росулъе рачIунел, кIудияб гIазуги букIун рукIкIараб заманалъ гурони щун гьечIо Сандуса харинир мочIабалъ. Гьениса гIодиги рагIун ахIуд индал гьитIиналав вас хун ватун вуго. ГIалица гьеб мехалъ бичун буго Чвахуда бугеб жиндир бутIа Шарухание, Жухабазда гIагарда бугеб – Хизрилазе.
76. Чвахуда рачлида гъоркь бугеб кули – ХIадисилазул (АмирхIамзалал). Гьеб кули дир инсуца къачIана 1980 соналъ. Гьелдаса нахъе 2016 соналде щвезегIан пайдаги босана.
77. Мацил бакъда жаниб майданалда бугеб кули – Чимчаралазул.
78. Гьелда дандбитIун, лъар бахун добехун лъарал сверуда бугеб – МухIамадгIалил.
79. Жаниб тIелбил аххада бугеб – Малачиласул.
80. Гьоркьоб щобда майданалда бугеб – (?) Гьеб кулиялъул хIакъалъулъ дида бицана Халитил НурмухIамадица. Гьеб бан букIанин жинцаги Сагитасги, КIушкIандил ГIалил Исрапицаги, цебе щибго букIинчIеб бакIалда.
(Гъалбац1г1алил Раджабдибирас бицана, гьеб бак1алда росдал жамаг1аталъ К1ушк1андие кьураб реци бук1ун бугин, гьединлъидал кули жидер кколин - Исм.).
КЬУРДА НАХЪА (12 кули)
81. Кьурда цебе рачалида гъоркь бугеб кули – Хъазилазул.
82. ЦIаданикь майданалъул рагIалда бугеб кули – СагIидил МухIамадханилазул. 83. Кьурда нахъа гIодоблъиялда бугеб кули – ГIусманилазул.
84. Гьелда нахъа цураб – ИсмагIилил МухIамадил.
85. Гьелда тIадехун – Шамсудинил.
86. Лъарал рагIалда бугеб – Малачиласул МикагIилил (ГIашурал эмен).
87. Гьел кулабаздаса гьанибехун, ракьанда – ГIалимухIамадил МухIамадил.
88. Гьел киналго кулабазда тIадехун ругел хурзазул тIарада - ПаранкI-МухIамадил.
89. КIудияб Хухади бугеб кули – Тумал.
90. ГIалимухIамадил колодаса тIаде рахараб бакIалда бугеб – Малачиласул МикагIилил.
91. АхIукIкIалалъул кIалтIа бугеб кулиялъул цебесеб рахъ - ХIажихIмалазул.
92. Гьеб кулиялъул АхIукIкIаланибехун бугеб рахъ – ХIадисил Мусал. Гьеб колода «Боол кули» - янги абула. Гьей Боол Чакар кIиабилей чIужулъун ячун йикIун йиго ХIадисил Мусаца. Гьелъул ирсалъе щвараб буго гьеб кулиялъулги, гьелда аскIоб бугеб ракьалъулги бащалъи гьесие.
ТIАД ГЪВАЛАГЪОНТIА (3 кули)
93. Цояб - ГIамиргIалилазул.
94. Цогидаб – Насибил ГIамал.
95. Нахъа ГъвалагъонтIе раккулеб бакIалда ракьанда бугеб кули – Бибулатил.
НАХЪА ГЪВАЛАГЪОНТIА (5 кули)
96. МуртазагIалил (ТIайгибил эмен).
97. ГIабдулал. (Гьев кIиявго вацал руго).
98. ХIосенил. (Гьев МуртазагIалил дурц вуго).
99. ИмамухIамадил (ГIалихъиличил чIужу Зайнабил эмен).
100. Халатаб бакъда тIарада – Насибил ГIамал.
ГЪОРКЬ ХЕЛЕКЬ (2 кули)
101. ХIанапидибирасул.
102. Ягулди кIалтIа бугеб кули – Шамсудинил. (Гьеб кули Шамсудиние тараб бугин бицана дида Насрудинил ЖахIпарица. Гьев ккола Шамсудинил дурц).
ЖАНИБ ВА ТIАД ХЕЛЕКЬ (26 кули)
103. Бурашилазул.
104. Шаруханилазул.
105. Ягулди кIалтIа данд битIун Хелекь бугеб кули – ГIамиргIалил.
106. Гьелдаго аскIоб – Гъазиясул. (Гьеб Гъазиясулаб ччукIун буго).
107. Гьелда тIадехун, кIкIал бахун добехун – Ганкьил ХIажихIмал.
108. Гьелдаса добехун кIкIалал рагIалда – ГIабдухаликъил (ЩагIманилал).
109. Хвализул къайда гъоркь майданалда – цояб ХIамидханил,
110. Цогидаб – Сайпудинил (Сахратулал эмен). Гьеб кули Сайпудиница босун буго Пайзулахъа. Гьедин бицуна росдал кIудиял чагIаз.
111. Жаниб Хелекьа тIаде рахараб бакIалда бугеб кули – Чанкурилазул.
112. Гьениса тIаде араб бакIалда гохIда цебе – ШамилгIисалазул.
113. Цебе ХIурхьохъ гъоркь, кIкIалал рагIалда бугеб кули – цояб ГIабдухаликъилазул,
114. Цогидаб Мажидилазул.
115. КIкIал бахун добехун хIархьиниб бугеб кули – Шигьабудинилазул.
116. Гьелда гъоркьехун бугеб – ХIайбулалазул.
117. Гьелда добехун (Аюбица тIох лъураб) – Сурхайил Аслаханил.
118. Ва гьединго гьес тIох лъураб Каримил. (Гьев Каримил эбел Хъатумеседо йикIана ХIадисил вац АмирхIамзал яс. АмирхIамзаца жиндир вас Сурхайил Аслаханиеги яс Хъатумеседоеги бащад гьабун кьуна гьеб кули).(Гьеб заманалъ Сурхай хун вукIана).
119. Гьезда добехун бугеб кули – ХIинцалазул.
120. Гьелдасан кIкIал бахун добехун – МуртазагIалил (ТIайгибил эмен).
121. Гьелда аскIоб – ХIосенил (МуртазагIалил дурц).
122. Гьезда добехун гохIда – МухIамадсултIанилазул.
123. Гьелда гъоркь, рагIалда – Бариянил ГIисал.
124. Гьелда цун, гъоркьехун – ГIащикъилазул.
125. Гьелдаги гъоркьехун - Туначилазул.
126. Гьелда гъоркьехун – ХIалакъалъул ХIасанил.
127. РицIцIалъ добехун, ГъогъотIе унеб бакIалда салул аххада – Пайзулал.
128. ГъогъотIа – МуртазагIалил (ТIайгибил эмен).
АСАЛИ (13 кули)
129. Асали жаниб бищун цебе, лъарал сверуда бугеб кьурда тIад буго ХIамзатил ГIалисултIанилазул кули.
130. Гьелда тIадехун – Сасикьа Багьавдинилазулги ХIасанилазулги.
131. Гьезда тIадехун – ГъазихIмал ХIасаница тIох лъураб кули – Дайтилазул. (Гьев ккола ГIамиргIалилазул чи).
132. Гьелда тIадехун – Хизрилазул.
133. Гьелда аскIоб, тIадехун, гьабсагIаталъ Сабигулал ХIабибихъ бугеб – Сасикьа Гьиматилазул. (Гьесие гьеб кулиги ракьги бичун буго Къедиса ГъазимухIамадил (хIажи) МухIамадханица 1911 соналъул 10 январалъ. Гьединаб хъвай хъвагIай буго Гьиматилазухъ).
134. Гьеб колода цун цебехун – МухIамадил Чанкурил.
135. Гьелдаса кIкIал бахун добехун – Нуцалханилазул.
136. Гьелда тIадехун, лъарахъехун – АхIмадханилазул (Гехал).
137. Гьезда тIад бакъда ругел кулал, цояб – Хизрилазул,
138. Цогидаб – ХIанапидибирасул. (Гьесул лъимал ккола СагIадула, АсхIадула, Гъайирбег. Гьезул хъизанал гIемерисел Кобиялда руго).
139. Хизрилазулги Гьиматилазулги кулал ругеб бакIалдаса тIаде щобилъ – Зиявдинилазул.
140. Гьелда тIадехун – Насрудинилазул.
141. Квешаб Нухлул щобил аххада, лъарахъ – Хизрилазул. (ГьитIвасил ГIалихъа босараб).
ХЕЛЕКЬРОХЬО (1 кули).
142. Хелекьрохьоре рахунеб бакIалда квараниса бугеб кули - Ганкьил ХIажихIмал.
..............................................
Гьал киналго кулазул гIемерисел дица рорцарал руго. ХIисаб гьабидал, цохIо КIудияб рохьалъул майданалда бугеб Малачиласул кули хутIизегIан цогидал кулал руго жидер щибалда жанибе 150-250 бетIер гурони гIи ине рес гьечIел. Малачиласулги гьездаса гIемер кIудияб гьечIо, 300 гIанасеб бетIер гурони унареб буго. Гьебги хадуб бараб, цIиябин абизе бегьулеб кули буго. (Биххун бугониги). Росдал гIадлу букIараб хIисаб буго, гьоркьохъеб къагIидаялъ гьединаб къадаралдаса цIикIкIун гIи цо хъизаналъ гIезабизе биччалареб. Гьединго чIегIербоцIул къадаралъулги букIун буго чIезабураб гIорхъи. Щай гьедин букIараблъиги бичIчIизе бигьаяб жо буго.
...............................................
[46] АмирхIамзал МухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса босараб.
[47] Камил вукIана Сасикьа СагIадулал вас.
ГIИЯЛ КЪАЯЛ
ГЬИНДУХА МАГIАРДА[48]:
1. Алдамил иццда къай.
2. Пахъуралъул хIорихъ къай.
3. ………..
4. ………..
5. …………
6. ……..
7. …….
ХЪАХIАБ ЛЪЕХЪ МАГIАРДА:
8. ХъахIаблъехъ къай
9. ……..
АПАРАТIА НАХЪА МАГIАРДА:
10. ………………..
11. …………….
ИГЪАДАХЪ МАГIАРДА (НАХЪА МАГIАРДА):
12. МахI квешалъуб къай.
13. Гьабил лъарахъ къай.
14. Гургинал къаяби.
15. ГIеблъутIа къаяби.
16. ТIад гIеблъутIа къаяби.
17. Лол чIваралъуб къай.
18. Салим чIваралъуб къай.
19. ТIарада Игъадахъ къай.
20. СиватIа нахъа къай.
21. ЦIогьабазул кIалтIа къай.
БАХО МАГIАРДА (ЦЕБЕ МАГIАРДА):
22. ХIажихIма чIваралъуб къай. (РицIцIалъ тIад, квегIиса).
23. ХIоржазул къай. (Гьелдаго аскIоб).
24. Ягулди къай.
25. Гьакъо унеб гIансикIкIалахъ къай.
26. Лъебелазул къай. (Хелекьрохьалда тIад).
27. Чуралбакъда къай.
28. ГьитIинаб рохьалда тIад къай.
29. КIудияб рохьоб къай.
БАКЪУМАГIАРДА:
30. Квешаб нухалъул хIархьида къай. (Бакъу мегIер).
31. Гважи къинлъаралъуб къай. (Гьенибго).
32. ЖанитIелбида къай.
33. МичIчIикъай. (Сандусахарини нахъа).
34. ГIабкIазул къай. (БухIода нахъа).
ЧВАХУДА:
35. Хьонлъул къай.
36. Бакълъул къай.
37. Бакъвашу къай.(?). (АхIу кIкIаланиб).
КЬУРДАНАХЪА МАГIАРДА:
38. ГьитIинахухади ракьанда къай.
39. ГIеркъиласул гъоркьияб къай. (КIудияб лъарагI).
40. ГIеркъиласул тIасияб къай. (Гьенибго).
41. ХьуцIалъ къай. (КIудияб лъарагIалда цебе).
42. КIудияб къай. (КьуртIа нахъа тIад).
ЦIАД ГЬАРУЛЕБ МАГIАРДА ГЪОРКЬ:
43. ХьонтIаса къай. (СиватIа нахъа).
44. Авукь къай. (ЦIад гьарулеб магIарда гъоркь).
45. ГъогъотIа къай. (Гьенибго, гъоркьегIан).
46. КъотIно къай (Гъогъокъайда тIад).
47. Авукь тIад къай.
48. Хвализул къай. (Ягулди тIад).
49. Кьурул къай. (Ягулди жаниб).
50. Берцинаб тIелбида къай. (Ягулди тIарада).
51. ХIархьида. (Ягулди кIалтIа тIад).
АСАЛИ:
52. Энко къай.
53. Рикъи батаралъуб къай (Асали гьакварисезул перма битIун гьанибехун).
..........................................
[48] 1884 соналъул цо хъвай-хъвагIаязда жаниб бихьизабун буго Гьиндуха магIарда 7 гIиял къай бугин абун. Балагье гьаб тIехьалъул 5 аб. бутIаялда лъун бугеб «Дагъистаналъул магIарухъа ва Къиялъа магъало бакIариялда сверухъ хабар» абураб макъалаялде.
РОСДАЛ НУХАЛ[49]
Лъебелазул нух[50] – Гуржиялъе[51] (Кахеталде, Тушалъе). (Бахо магIардаса тIаде – авт.).
ГьетIа-кIичIалъа нух – Къиялъе ва Гъалгъаялъе.
Росдал нух – Сасикье ва гьениса гIодобе.
ЧIамал нух:
1-БакъумагIардаса тIаде,
2-Асалиса РичIагьанихъе.
..............................................
[49] МацIазул гIалимчи Казбек МикагIиловас Къедиса Хъазил Субайбатида цIехон 1980 соналъ гьарурал хъвай-хъвагIаязда жанир ратарал баянал руго гьал. [50] Бахо магIарда «Лъебелазул къай» абулеб бакIалдаса тIаде буго Силдибе ва Гьакъобе унеб цо нух.
[51] Къедиса Тушалъе унеб цоги нух букIана Къиялъ бугеб КIесели ва Сандакъори росабалъеги щун магIарде тIаде ва гьениса гIодобе - Тушазул Парсаниб.
РОСДАЛ ГОДЕКIАБИ
Гъоркьияб годекIан – кIудиял чагIи, жамагIат буссунеб, росдал данделъаби тIоритIулеб.
ТIасияб годекIан – гIолохъаби руссунеб.
РОСДАЛ АВАЛАЛ
Кванхи авал – росдал тIасияб рахъалда, лъарал квегIаб хьибилалда бугеб авал. (Кванхи росулъа бид виххун вачIарав чиясдасан лъугьараб).
ТIасияб рахъ – мажгиталдаса тIадехун.
Гъоркьияб рахъ – мажгиталдаса гъоркьехун.
……………………………………
ГЬАБ ТIЕХЬ ХЪВАРАБ КЪАГIИДА
Гьаб тIехь хъвалаго пайда босана лъабго батIияб бакIалдаса: ТIоцебесеб: Тарихиял тIахьаздаса; КIиабилеб: Пачалихъалъул батIи-батIиял архивазда ва цо-цо гIадамазухъ цIунун ратарал некIсиял хъвай-хъвагIаяздаса; Лъабабилеб: ГIадамазда гьоркьор тIиритIарал биценаздаса. Гьел киналго бакIаздаса ракIарарал тарихиял хIужаби, баянал, биценал ва пикраби тIехьалъул жиб-жиб бутIаялда рекъезарун рикьана ва, цо-цоял ругеб бакI бихьизабун таниги, цогидал, ратараб хIалалъ, щибго тIадги жубачIого, тIасаги бахъичIого тIехьалда жанир лъуна. Гьедин ракIарарал ва ракьалъул хIакъалъулъ бицараб гьаб бутIаялда рекъезарурал руго гьанир хадур лъун ругел баяналги биценалги. Гьел рицарал гIадамалги рихьизарун руго, ратараб бакIги рехсон буго. ТIехьалъул гьалда хадусел бутIабиги гьединго гIуцIарал руго, ай, жиб-жиб биценги баянги гьел бутIабазул хаслъиялда рекъезарун, гьезул щибалда жанир лъун руго. Гьай-гьай, гIадамазул кIалзул биценалги баяналги хIакъикъиял, тIад кIалъазе бакI гьечIел рукIунин абизе лъидаго кIоларо. Бицунезул рахас халалъидал биценазда жаниб хIакъикъаталъул къадар дагьлъулеб гIадатги буго. Кинниги, нижеца гьел ракIарана ва цIалдолез хIукму къотIизе тIехьалда жанир лъуна.
КЪЕДИ РОСДАЛГИ ГЬЕБ РОСУ БУГЕБ БАКIАЛЪУЛГИ ХIАКЪАЛЪУЛЪ БИЦЕНАЛ
Малчихиса[52] Мовсарил МухIамад:
- Къиялъ Итумхъалиса, Шекъериса, Хашакьа тIаде, ХъахIаб лъехъа Игъадахъ нахъе щвезегIан гIебаб нух буго. Нижер умумуз бицунаан гьеб некIсияб чангъазул нух бугин. Гьиндуха магIардаги, ГьагIмадиса тIаде Алдамил иццухъ ва гьелдасаги цебе бугеб сверухълъиялдаги руго бакIал, хIисаб гьабураб мехалъ, некIсиял росаби рукIарал. Гьенир хабалалги руго, амма гьел бусурбабазул гьечIо. Гьелъ ги бицуна гьел бакIазда цIакъго цересел гIадамаз гIумру гьабун букIараблъ иялъул. ГьитIингоги, хадуб гIолохъанаб заманалъги, дицаго яги гьалмагъзабигун цадахъ ун гьел бакIал рухъа-хъирщу лаан, гьениб батIи-батIияб цIарагI-къайиги батулаан. Гьаб заманалъ Къиялъ накIкIил рохьал гьечIо, гьел рукIараб заманги нижер гIадамазда ракIалда гьечIо. Амма бицен буго, Игъадахъ нахъа бугеб ХъахIаб лъехъа бачIараб иххалъ кIуди кIудиял накIкIил чIалаби ракьулъа раккизариялъул ва росун рачIиналъул хIакъалъулъ. Цо гьединаб, 8 м. халалъи бугеб, цIакъго биццатаб дидагоги бихьун букIана. Дида лъалеб заманалъги ГьагIмади мажгиталда тIад букIана 18 метр халалъиги 60-70 сант. бицалъиги бугеб, хьалбал руцIун къачIараб, цояб цоялда аскIосан рехараб накIкIил кIиго чIалу. Гъоркь цогIаги бакIалда хIубиги чIвачIого цохIо гьезда тIад бан букIана гьеб манзил халалъиги 10-гIаги метр гIеблъиги бугеб мажгиталъул тIох. Бицен букIана гьел чIалаби Гьима рохьоса оцаз цIан рачIарал рукIанин. Гьанже гьединаб рохь гьенибги гьечIо. Къедиги Силдиги гьоркьоб бугеб мегIералъул (Бахо) силдисезул рахъ буго гIицIцIаб. Дун Силди школалда цIалулеб мехалъ, гьезул лъималгун гьениреги ун, ракьулъан кан бахъулаан нижеца. КIиго-лъабго натIалъ жанибе бухъидал ратула гьенир гьеб канал чIалаби. Цебезаманалъ накIкIил рохьал рукIараб хIисаб буго гьел бакIазда. Цо нухалъ Хонокь магIарда бугеб шахтаялдаса дица бачIун букIана ганчIитIурччиялда релълъараб жо. Маххул шуруналда жанибеги рехун, цIадуда тIад биинабизеян лъугьиндал борлъун шурунгун къватIибе ана гьеб. Бицен букIана, тIад лъуни, гьелъ хъазанги борлъулин.
.......................................
[52] ГьагIмади аскIоб бугеб кули.
«ГУРЖИ-АЛБАНАЗУЛ» АЛИПА
МухIамадил Гъазияв:
- 1980 соназ ЦIад гьарулеб магIарда дида батун букIана, жеги рихьичIел гIадал, китаязулин абизе китаязулги гьечIел, цо нилъер чIегIмабазда, антеннабазда релълъарал хIурупазул суратал тIад рахъараб, лъабокIонаб, 25-30 см. жиб - жиб рахъалда бугеб гIадинаб ганчIил къоно. Жиндир лъабабго рахъалъул кинаб гIодоб гьабун бахъун чIезабуниги гьелда тIад хъварал хIурупазул мухъазул тартиб хисулеб букIинчIо. Дица гьеб, школалдеги босун, гьениб лъун букIана ва гьедин гьелъ гIезегIан заманги бана. Гьелъул хабарги рагIун цо нухалъ Хъазил МухIамад вачIана дихъе, росдада тIаде цо балагь цIачIого дуца гьеб къоно букIараб бакIалда магIарде щвезабейин, жиндир инсуца гьава-бакъ рекъезабизе хъван лъун букIараб жо батизе бугин гьебин. Дир инсудаги гьеб щиб ва сундуе хъвараб жо бугеб лъачIо. Гьеб заманалъ ТIиндиса ГIабдурахIманов вукIана ЦIумада РайОНОялъул нухмалъулевлъун. Жиндир гьалмагъзаби ругин лъикIал археологал, гьезда бихьизабизе кколин гьебин абун гьес гьеб босун ана. Гьелдаса хадув Къедиве вачIун вукIана мацIазул гIалимчи Казбек МикагIилов. Гьесдаги рагIун букIун буго гьеб ганчIил хабар. Тарихалъе цIакъ кIвар бугеб жо рагIулин, гьеб жиндихъе кьечIого рес гьечIин кIалъана гьев дида. Дицаги ккараб жо бицана. Гьев ГIабдурахIмановасухъе ун вуго ва гамачI тIалаб гьабун буго. Щиб гьабун букIараб лъаларо, гьесухъа гьеб щун гьечIо ва гьеб сабаблъун Казбекица гьев судалдеги кьун вуго. Гьедин ахIи-хIур багъаридал ГIабдурахIманов кIанцIана дихъе ва гьарана судалде кагъат хъвайин гьеб гамачI жиндихъа гуреб, гьаниб школалдаго биланин абун. Кинаб букIаниги гамачI сабаблъун сахав чи жанив лъезе виччазе бегьиларин абун, дицаги гьеб хъван гьесухъе кьуна. Казбек цоги нухалъ вачIана дихъе ва гьикъана гьелъул суратгIаги бахъун течIищ дицаян. ТечIин абидал ва щиб мисалалда рахъарал хIурупал гьел рукIарал бициндал абуна, жинда кколин гьеб жо гуржи-албаназул алипа букIун батилин. 1980 соназ риидал, лъебергогIан чи гьоркьов вугеб къокъа геологазул букIана Къеди Нохъода дугъалги чIван чанго къоялъ гьенир чIун. Вертолетаца бачIунаан гьезие къваригIараб-хIажатаб жо. Жиб-жиб рахъалде кIи-кIи, лъаб-лъаб чиги ун букIана гьез нилъер ракьалъул цIех-рех гьабулеб. Гьелдаса хадуб заман букIана. Ракьулъ магIдан цIехолеб алатгун цо дир гьалмагъ вачIана нилъехъе ва гьевги дунги ЦIад гьарулеб магIарде рахана. Нилъер ХьуцIалъ абулеб бакIалда гьеб алатги ракьулъе балагьизабун гьес абуна, балагьейин, дунялалъул бищунго къадру цIикIкIарал алмазазда къадру бащадал алмазал ругин гьаб бакIалдайин ва, кигIан гъварилъуда рукIаниги, цо заман бачIинин гьал рахъулеб. Дунги виччана гьес гьеб алаталъул цIералде (экраналде) балагьизе. ЧIумал гIадин мухъ гьабун кунчIулел рихьулел рукIана гьел алмазал.
БУДАЛААЗУЛ МЕГIЕР
ЦIад гьарулеб мегIералда цоги цIар буго «Будалаазул мегIер» абун. Игъадахъ[53] мегIералъул щобги СиватIаса эхеде бугеб щобги данлъараб бакIалда бугеб гьеб цIутIараб борхалъи кинабго сверухълъиялдаса борхатаб буго, цохIо Бахо[54] мегIералъул Чакар-бетIер[55] батила гьелдаса тIадегIан. Гьединаб букIиналъин гьениб риидалги квачан букIунеб. Гьеб магIарда будалаал рукIунеблъиялда ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго дида рагIараб. Дир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магIарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гIодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелда балагьулев гьав вукIадго дов чи добцояб мачуги босун цевеса тIагIун ватун вуго. Жиндихъ хутIарабги босун гьевги росулъе вачIун вуго. БагIараб кьералъул цIакъ берцин букъараб хьит букIанила гьеб. Ро сулъ гьесда рагъун руго дуца гьеб кодобе босизе кколеб букIинчIин, гьев чи будалаазул вукIун ватулин, гьединлъидал, гьеб досухъе щве забизе кколин. МагIардеги вахун гьес хьит доб иццда лъун буго ва лъ абго къоялъ хъаравуллъи ккун чIун вуго. ВачIунев чи гьесда вихьун гьечIо, амма лъабабилеб къоялъ гьеб гьениса тIагIун буго. Гьеб магIарда цIад гьаризе нилъер гIадамал иналъулги буго гьадинаб къагIида. Жалхъолеб иццда хIайванги хъун, (гIемерисеб нухалъ чIегIераб чахъу), какиеги чурун, хIатIидагIицIцIго рахунаанила гьелъул тIогьире. Гьениб дугIа-алхIамги гьабун гъоркьеги рачIунаанила. Насранияб дин бугеб заманалъги, гьелдасаги цебе цIадуе лагъ лъи гьабулеб заманалъги гIадамал гьеб магIарде цIад гьаризе раху нел рукIун ратилин тола дица. Жалхъолеб ицц сверун рекъезарурал къаназда яги гьенир аскIор-сверухъ ругел ганчIазда кинаб букIани ги хъвай-хъвагIай яги ишараби ругодаянги балагьизе бегьила. 1980 соназ мацIазул гIалимчи Казбек МикагIилов вукIана дихъе вачIун ва ниж ЦIад гьарулеб магIарде ине къватIире рахъана. Суратал рахъулел алатал, картаби ва цогидаб къайи букIана гьес цадахъ босун. ХIухь бахъизе гIодор чIедал гьев гIемер валагьулаан цо хъвай-хъвагIаязда, картабазда тIаде, амма щиб гьениб бугеб дида бицинчIо ва бихьизеги течIо. Кьурда нахъа МикагIилил колодаса гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда гьесда гIанкIиунти бачIана ва гьеб сабаблъун ниж нахъе руссине ккана. Гьелдаса хадув гьесул васги вукIана нилъехъе вачIун, амма ЦIад гьарулеб магIарде ниж рахинчIо.
ГIУРУС КЬОНЛЪАЛ
ГIурус-кьонлъалин къедисез абула Энкокъайидаса эхеде, Энкорохьалъул КъотIараб рохьин абулеб рахъалда тIад бугеб щобда.1760-70 соназ дугъалгун ва цоги гIумруялъе къваригIунеб хIажатаб жогун гьениб рештIун букIун буго Петербургалдаса бачIараб ракьал хъваялъул гIалимзабазул цо къокъа, гIурусал. Къедиса нуцабазулгун къотIи-къаялги гьарун, гьез хIинкъигьечIолъиги букIинабун рачIун рукIараб хIисаб буго гьел нилъер мугIрузде. ГIанди гIурул жаниблъиялда ругел хурдузул ва рухI-чIаголъабазул тайпаби лъазари букIанила гьезул гьез жидецаго бицунеб мурад. Цоги баян буго гьел гIурусазул жасусал рукIанин абун. ГIемераб заманги бахъанила гьез гьеб щобда. Гьеб заманалъ гьез гьарурал цIех-рехазул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIаял ругин абула Туплисалъул архивазда.
.................................
[53] Умумузул цIар: «НахъамегIер».
[54] Умумузул цIар: «ЦебемегIер».
[55] ГIумар вахунеб бетIер. (Силди-гьакъосез гьедин абула).
КЪЕДИБ ХУР БЕКЬУЛЕБ ГIУЖ
Надирбегил Рашидбег:
- Нилъер умумуз хур бекьулеб букIинчIеб хIисаб буго, Бахо мегIералъул «КIудияб рохь» абулеб хьонлъуда бугеб жаниблъиялдаса[56] ахи махирабги гIазу тIагIун гурони. Гьеб мехалъ хинлъулин Къеди ракьин бицунаан дир кIудияв эмен Анлъичил ГIабдухабирица. Гьеб гIазу бииналде цебе хьараб картошка, хадуб хьаралда цадахъ гурони баккулебги букIинчIин абулаан гьес[57]. Гьебго жо дида бицун букIана Гъанбулатицаги Писирханицаги. Гьелдаса хадур рекьарал хурзазда умумуз «СагIдал хур» ин абулеб букIун буго. (Хьараб жо барщизегIан тезе ккеялъ хаслихъе ракIаризе кватIулел, гьедин тIад савуги кколел). КIудияв инсуца жеги бицунаан, нилъер Туначилазул ГIабдумаликил рукъалда гъоркь бокьоб ицц бугин. Росдал къулгIаялъул хIавузалде бачIунеб лъимги гьеб иццул лъимги цого бугин, ай, цоцалъ бухьараб бугин.
.................................................
[56] ХIадисилазул хурзазул тIарада бугеб.
[57] Гьеб КIудияб рохьалъул хьонлъуда бугеб жаниблъиялда жанисан гIазу биун лъугIилелде хурзал рекьун лъугIизе кколин абун букIана дида лъалеб хабар. (Бицана ГъазимухIамадил АмирхIамзаца).
Гъазиясул Пайзудин:
- Дир инсул эбелалъ бицунаан, жеги нилъер росуги гьечIеб, росдал жаниблъиги рохьазул цIураб цебе заманалъ, гьанже ГIабдумаликил рукъ бугеб бакIалда букIараб иццда гьекъезе рачIунел рукIун ругин батIи-батIиял гIалхул хIайванал. Гьедин рачIарал гьезда чанахъабаз чанги гьабулеб букIун бугин. Цоги гьелъ бицунаан, гьеб ицц бугеб бакIалда цIар «Зани чIваралъуб» бугин. Гьелъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабидал инсуцаги бицана, жиндир кIудияв инсуца абулаанин, жал гьитIинаб заманалъги гьеб бакIалда цо зани букIанин ва биценги букIанин гьеб бугин, чанар рукIарал кIиго вацасул цояв, гьез речIчIараб чIоралъ яги хечалъ лъукъараб циялъ чIвараб бакI. Заниги букIун бугин гьев чIвараб бакIин абун лъураб[58].
....................................
[58] Гьанже ГIабдукаримилги ГIабдумаликилги минаби ругеб бакIалда бокьоб цо хIуби букIун буго, бокь базе цебеккун гьеб бакIалда бижун букIараб миккил гъветIги тIаса къотIун рекъезабураб. (Бицана МухIамадил Гъазияс).
ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:
- Гьидалъел ругеб заманалъги, гьелдаса цебеги, нилъер росдал жаниблъиялда букIун буго жаниве чи ине хIинкъараб къваридаб рохь. ГьабсагIаталъги лъарал мухъалъул ччукIелаздаса раккун рихьизе рес буго гьеб рохьил хутIелал. ГIабдумаликилги ГIабдукаримилги рукъ бугеб бакIалда гьеб заманалъ ицц букIун буго, жаниб гел лъураб кIудияб цIулал рогIороги бугеб. Кавуялъул щобилъ, гьанже ХIижиясул бокь бугеб бакIалдаса чIорги речIун гьеб иццул лъеда бачIараб чан чIвалеб букIун буго чанахъабаз. Нагагь гьедин чIор речIчIараб чан лъукъунги хутIун лъутун рохьобе борчIани, гьелда хадурги унел рукIун гьечIо циялдаса хIинкъун. Биценалда рекъон, цохIо мугIрузул тIасияб, рохь гьечIеб рахъ гурони, боцIи кваназе рес бугебги букIун гьечIо. Сасикьел тIад ругеб ракь, Хелекьуриса, Ангъидаса ва цоги цоги бакIалдаса рачIарал гIадамазухъ магъалоги тIад лъун кьун букIун буго Къедиса нуцабаз. Гьезги гьеб ЗакIикье щвезегIан гурони босун букIун гьечIо, цогидаб, гьенисан гъоркье ГIурул кIалтIе, ГIурулкIалтIаса ЦIудубусахъе щвезегIан бугеб бакI пайда гьечIеб букIиналъ. Гьединлъидалин гьеб, нилъер гIаммаб ракьалда бухьенго гьечIого батIа тIураб гIурулмухъалъул ракь жакъаги къедисезул кколеб.
КЪЕДИСЕЗУЛ ОБСЕРВАТОРИЯ
ГъазимухIамадил АмирхIамза:
- ГъалбацIгIалил ШапигIил минаялъул кIиабилеб тIалаялда, дир рукъалъул хьибилалда букIараб КIушкIандилазул минаялъул Баходехун балагьараб рахъалда къадалъ букIана цо натI гIеблъиги, натI гIечIеб борхалъиги бугеб гордо. Гьеб гордухъанги балагьун, Бахо магIарда нахъа щиб бакIалдаса бакъ тIерхьунеб хIисабги гьабун лъазабулеб букIун буго цебе къедисез лъагIалил ригьазул гIорхъи: хасел чIей, хасел бащалъи, их чIей, рии чIей ва цогидалги гIужал. Риидал гьеб бакIалдаса балагьани кIиго нухалъ тIерхьунеб бихьула бакъанида бакъ. Цин тIерхьун хадуб гьеб чанго минуталдаса баккула ва хадубги тIерхьуна.
ПИРБУДАГЪИЛ МАЙДАН – ГIАЛИЛЪА БАКЪЛЪИ[59]
АмирхIамзал МухIамад:
- ГIурул кIалтIаса гъоркье ЦIудул бусахъе щвечIого бугеб «ТIурччи бахъулеб нохъо» абулеб гонгинисан байбихьараб, ЗакIикь «ЧIвадил гомог» абулеб бакIалде щвезегIан бугеб ракь буго. ГIурул гъоркьехун къедисезул кIалтIаса бугеб гIор кIийида бикьараб бакIалда «Пирбудагъил рикьи» ян абула. ГIурул кIалтIа бугеб майданги гьесулин абула. Хъизан кIудияв чи вукIиналъ росдахъа изнуги босун ун вукIун вуго гьев гьениве, гIурулъа цIул бахъиялдалъун ва гIи цIани хьихьиялдалъун бетIербахъи гьабизе. Бицен буго, нагагь гьеб ракьалдаса лъелазул нух хвани, гьенисан хьвадулез битIун хабар бачIунаанин росулъе, къедисел, нужер нух хун бугин, гьабизе рахъаян абун. Нилъер гIадамаз гIурулъа цIул бахъулеб бакIги ГIурул кIалтIаса гъоркье, гьеб бакIалде щвезегIан букIун буго, сасикьез - ГIурул кIалтIаса тIадехун, эчедисезул рахъалдаса бахъулеб букIун буго. Халитил НурмухIамадица дида бицун букIана, цо соналъ нилъер чуяз, оцаз рихьи-цIул цIалаго жидер харибакIалги хурзалги хвезарулел ругин абун, жидер магъилъа эхеде гьеб цIазе гьукъун букIанин сасикьез. Гьелъие жаваб гьабун къедисезги къанин гьезие нух ГIурул кIалтIаса тIаде нилъер бакIалдаса. Гьеб мехалъ гьез гьеб цIалаанин лъарал мухъалъ эхеде. Гьениб хъаравуллъиги букIанин нилъераз тун. Хъаравуллъул иргаялъ цо нухалъ живги кканин ХIадисил МухIамадгун цадахъ. Хизрил ХIанапицаги бицун букIана ХважакIгун цадахъ гьенив цо иргаялъ живги вукIанин. Нилъер росдал ракьалда бухьенго гьечIеб гIурул мухъалда бугеб гьеб бакI, цо биценалда рекъон, нилъехъа ЩагIманилазул Мажидида чIужулъун йикIарай ЦIумадаса КIудияв Гъазол ясалъул ирс бугинги абула. ЦIаниги хьихьун гьеб бакIалда вукIарав Мажидица жив нахъе вачIунелъул росулъ абун буго нужеего бокьарав чи айин гьанже гьениве. Гьедин арав вукIун вуго Пирбудагъ.
.........................................
[59] Сасикьез гьедин абула. ГIалилъав вукIана Къедиса ШагIбанилазул чи.
- ТIасияб лъарахъа тIаде рахараб мехалъ, Энко магъил рагIал чIван эхебе ГIетIараб лъарахъе щвезегIан бугеб къадал мухъалдаса лъарахъехун бугеб бакI росдал нухги хIаримги буго. Гьелъие нугIлъи гьабуна ГъазимухIамадил АмирхIамзаца, НурмухIамадил Зубаирица ва ГъазимухIамадил МухIамадсултIаница. Гьез гьеб бицунеб мехалъ гIенеккун рукIана Багьавдинил Муса, ГIабасил МухIамадил ГIабас, Лабазанил Шарапудин, ГIабдухабирил Надирбегил Завур, Сабигулал ХIабиб, ГIабдукаримил ГIабдурашид.
Хъазил МухIамадил Завурбег:
- Мадугьалзабазул боцIуца кваналеб букIун, хъаравуллъиялъулги кинго гIадлу лъугьунарого, гIел ахIун гIадамалги рахъизарун, росдаца хIукму гьабун буго Хъвайдаса байбихьараб, Малачиласул колоде щвезегIан бугеб росдал хIарималъул ракь бикьизе. ТIоцебе можоро бачIун буго Дибирасул Гъайирбегие. Гьединлъидал гьесул ккола битIун Хъвайда нахъа бугеб бакI.
Зиявдинил ГъазимухIамад:
- Асали, ГIурус кьонлъазда гъоркь, Лъедеразул[60](?) иццда цебе, АхIмадханил (Гехал) колол хьибилалда гIурусазул хабал ругин абула. Нилъехъ биценги букIана гьениб гьел гIадамазул бахчараб меседги рагIулин. Цебе заманалъ гьеб бакIалда росуги бан рукIун руго гIурусал. «ГIурус кьонлъалин» гьелда абиялъе гIиллаги гьеб буго. Цо-цо гIадамаз гьенир гIурусал гурел, капурал гуржиял рукIун ругинги абула. Росун, рикъун рачIарал гурел, гьедин жидерго росуги гIуцIцIун нилъер ракьалда тIад гуржиял рукIанин дида кколаро.
..............................................
[60] Гьеб рагIи гьаракь хъвалеб алаталдаса лъикI бичIчIичIо. (ЦIехезе ккола).
ГIалихъиличил МухIамадкамил:
- Къедиса нуцабазда тIиндисез гьарун, гьезул чанго хъизан биччан букIун буго гьанже жинда «Эчеди» абулеб бакIалда бетIербахъи гьабизе. Сасикьги рукIун руго ТIиндиса рачIун гьедин риччарал гIадамал. Гьезулги цо-цоял гочун гьеб Эчедире ун руго. Гьеб бакIалда цIарги тIоцебе «Ичида» букIун буго. Гьеб хабар дида бицун букIана Сасикь школалда мугIалимлъун вукIарав тарихчи БацIадаса ХIусенов МухIамадица. Гьезухъе тIоцебе ЗакIикь бакI кьолеб букIун бугин, гьебги тун гьелъул бакIалда кьураб бугин Эчедиян бицунаан дир инсуцаги.
Тумал Закариясул Зайпулал СагIбидат:
- Жеги нилъер мугIрузда гIадамал гьечIеб цебе заманалъ цо хелекьурисевги гьидалъевги сапаралде рахъун руго. Гьедин рачIунаго гьел щун руго гьанже Сасикь росу бугеб кIкIалахъе. «Гьабни цо секьараб бакI бихьула, дун гьанивго чIела», - янги абун, хелекьурисес къайи гьениб чIвала. Гьидалъев жеги тIадегIан уна ва: «Гьабго къагIидаяб буго», - абун гьанже Къеди росу бугеб бакIалдаги чIун Кавуда гохIда росдае кьучI лъола. Гьев гьидалъев вукIуна ханзабазул чи, гьединлъидал Къеди-Сасикь бугеб ракьалда тIад хIакимлъунги гьев тола. Цо заманалъ гьидалъел Къедиса нахъе уна. Гьезул бакIалде рачIуна Хунзахъа чагIи ва, Кавуда гьидерил ханасул букIараб мина-свериги ккун, жалги ханзаби руго абун чIола.
Гьакъоса МухIамадил ГъазимухIамад:
- Бечедал къедисез жидер боцIуда ругел гIухьбузе квен кьезе хIалтIизабулеб букIараб къагIидаялъул хIакъалъулъги буго цо гьадинаб хабар. Нилъер бакIалда хасел ращагъун хадуб ракь хинлъизе байбихьула. Гьеле гьеб заманалъ чIагояб цIунцIра босун вачIарав вехьасе гурони гьез къалъул квен кьолеб букIун гьечIо. Гьеб батизегIан гьел чIезарун рукIунаанила кIиго богалда – радалил ва бакъанил. Гьакъосезулги къедисезулги иш рекъон кколин, сасикьезулги силдисезулги рекъон кколин абулаан цебе нижехъ. Дида лъалеб заманалъцин къедисез минабазе цIул гьакъосезул рохьоса къотIулаан. Оцазги цIан Бахо магIарде тIаде бахъулаан, цинги гьениса гъоркьеги балаан. ТIад-Гьаквариса мугIалим ва тарихчи Давуд:- Ракьалъул гIорхъи сабаблъун къедисезулги нижер росдалги хабар ккараб заман ракIалда буго дида. Дун гьеб заманалъ 9-10 сон барав чи бачазул къо бахъизе магIарде ун вукIана. Гьенир рукIана нижер гIадамалги къедисезул чанго чиги. Гьез гьениб цо бакI бухъана ва гьениса шиша бахъана, цинги шишаялда жанисан цо кагъатги бахъана. Гьеб бахъараб бакIалда ракьгун жубараб тIурччиги букIана.
УНКЪРАКЬАЛДА ГУРЖИЯЗУЛ[61] ЛЪАЛКIАЛ
ГIалихъиличил МухIамадкамил:
- Ислам динги бусурбабиги рачIиналде гьаб нилъер ракь гуржиязухъ букIараблъи баянаб жо буго. Тарихалда гьелъие гIемерал мисалалги руго. Гьезул лъалкIал руго нилъер росулъги: хъанчил суратал, гьелъул сураталда гьарурал тIагIелал, рукъзазул, кулабазул хутIелал, хобал, гIадамазул цIарал. Гьел гIадамазул цо бутIа Ислам босизе бокьичIого нахъе ун буго, босарал гьанирго чIун, тIаде рачIаралгун журан руго.
..............................................
[61] Гуржиялин бицен букIаниги, гьел гIадамал гуржи миллаталъул рукIин шартI гьечIо. Бусурманал магIарулаз капурал магIарулазда «гуржиялин» яги «эрмениялин» абулеб букIун буго.
Силдиса Насиб:
- Гьал нилъер ракьазда цере гуржиял рукIараблъиялъе буго цо гьадинаб мисал. Ислам тIибитIизабизе абун Абумуслим шайихасул боял гьанире щведал, гуржиязул гьеб босизе бокьичIел цо гIадамал нахъе ун руго, цогидал бусурманлъун жалго руге-ругеб бакIалда чIун руго. Силди буго «Асал кули» абун бакI. Гьев Аса вукIун вуго гуржияв. Гьесул вукIун вуго цо вацги. Вац Гуржиялъе ун вуго, Аса, Исламги босун, Силдив чIун вуго.
АмирхIамзал МухIамад:
- Нилъер ракьалда цебе заманалъ гуржиял рукIанин, гьединлъидал гьанир гьезул росабазул хутIелалги ругин абула. Асали буго «ГIурус кьонлъал» абун цIар бугеб кьурул щоб. Гьениб аскIоб жидер кули бугел Писирханица ва ЖахIпарица бицуна, гьитIинаб мехалъ гьел гохIазда расандулел, хъирщадулел жидеда гьенир гIисинал маххул тIагIелалги насраниязул диналъул хъанчил сураталги ратулаанин. Гьел гуржиязул рукIарал ругин абизе жакъа нилъеда кIвечIониги, гьеб бакIалда гIумру гьабун насранил рукIараблъи шаклъи гьечIеб жо буго. Сасикьги буго бицен, ХIорихъ магъил рагIалда, ГанцIи абулеб бакIалда жидер умумузул чIей букIанин бицун бугин Гуржиялъе хIалтIизе арал сасикьезда цо херай гIаданалъ. Гьелъго бицун буго гьениб иццги бугин, Ислам босизе бокьичIого нахъе унелъул, жидер гIадамаз тIад кIудияб шагIил хъабаги лъун, ракьги бан бахчизабун тараб.
Сасикьа Хъараласул АхIмад:
- Гьанже сасикьел ругеб ракьалда цебе заманалъ гуржиязул росу букIун бугин абула. Цо заманалъ Хатил МухIамадил эмен Хъараласухъги рукIун руго гьезул гIадамал. Кумекалъе лъимал гьечIев гьес гьел хIалтIизаризе росун руго нижерго гIадамазухъа. ЧIачIа бичизеян абун ГIанди гIорккун гъоркье рачIунел гьел дандчIван руго давлаялде ун рукIарал сасикьезда ва, ккун росулъеги рачун, Хъараласе ричун руго. Хаслихъе хурзалги лъилъун, лалги тIамун, колода боцIиги хьихьун рукIун руго гьесухъ гьел. Цинги хIалтIаби дагьлъидал, хIинкъи гьечIеб бакIалде щвезегIан цадахъ гIадамалги ритIун, мухьги кьун нахъеги риччан руго. Гьанже нуж ине бегьулаян абидал, божуларого цоцахъ балагьун хутIун руго гуржиял. Бицен буго, лал тIамизе риччараб мехалъ ракъарал гьез Хъараласдаса балъго, гьоркьоса хIурги нахъе пун, ролъ чIамулеб букIун бугин. Гьеб бихьарав гьес гьезда бичIчIизабун буго, кигIан бокьаниги чIамейин, амма жиндаса балъго гьабугейин. ХIуригат бахъун хадуб заманалъ Гуржиялъ хIалтIизе ун рукIарал нижер гIадамазда гьений данделъун йиго цо херай гIадан. Гьел Сасикьа рукIин лъарай гьелъ гьикъун буго Хъаралазул хIакъалъулъ ва гьарун буго гьезда салам бицеян. Щай, кинан абун цIех-рех гьабидал, жий гьев Хъараласухъ хIалтIулел рукIарал гIадамазул яс йигинги абун буго гьелъ.
МухIамадил Гъазияв:
- Дида Насрудинил Писирханица бицун букIана, Гуржиялъа ккун вачIарав цо гIолохъанчи вукIун вугин нилъехъин. Цо нухалъ гьев вачIун вуго жив ккун ругел гIадамазухъе меседил маххал ва курхьабиги росун, жив нахъе виччаян гьаризе. Гьел кисан щварал бицине бокьичIев гьев гьез Асали Гехал колода нахъа бугеб кьурулъа гъоркье дализавун вуго хIатIазул буртIин килщалги ккун. Гьединги гьес гьеб бицун гьечIо. ХIасил, гьесие гьел щвараб хIисаб буго гьенибго аскIоб бугеб цебесеб росу ва хабалал рукIараб бакIалдаса. Насрудиницаги бицун букIана, ХIанапил колода нахъа кIкIалахъе ихх бачIун хадуб жидеда месед-гIарацалъул ва пахьул тIагIелал ратулаанин.
Сасикьа АхIмаднабил СайидмухIамад:
- Сасикь росдада тIад, РичIагьанихъазул рахъалда щобилъ буго «Даитил хурзал» абун бакI. Лъица бараб, щал гьенир рукIарал дида лъаларо, амма гьеб бакIалда цебе заманалъ росу букIараб хIисаб буго. КIуди-кIудиял ганчIалги лъун гьарурал къадазул хутIелал руго гьенир гьанжеги. Эчеди росдада тIадги буго гьединабго росу букIараб мисал бугеб бакI. «ТIад росо», - ян абула гьез гьелда. Бицен буго цере гьенир гуржиял рукIун ругин. Сверухъ ругел росабазул гIадамазе кIудияб къварилъи букIун буго гьезул. БоцIи бикъун, хуриб-хариниб бижараб, хьараб жо цояб бикъун, цояб бахъун рахIат толеб букIун гьечIо хасго гьеб заманалъ дагь рукIарал сасикьезеги силдисезеги. Гьеб къварилъиялдаса хвасарлъизе жидерго хIалги гIоларого гьез тIиндисезда ахIи бан буго кумек гьарун. Гьедин цадахъги лъугьун гьез гуржиял нахъе къотIун руго, гьезул росуги талавур гьабун биххун буго. Цинги лъабабго росдаца гьезухъа бахъараб ракьги жидедаго гьоркьоб бикьун буго. Гьанже эчедисел ругеб ва гьел гуржиязул росу букIараб бакIги сверухъ ракьги тIиндисезе ккун буго. Росдада тIад бакълъиги мегIерги сасикьезе щун буго, Эчеди росдада нахъа бугеб лъарахъе щвезегIан ракь силдазе кьун буго. Хадуб гьеб бакIалда ТIиндиса гочун рачIарал гIадамаз Эчеди росуги бараб, гьебги кIодолъараб мехалъ, гIи-боцIуе гIалах гIоларого рукIиналъ, сасикьез цо бутIа жидее щун букIараб ракьалъул гьезие тун буго, силдисезги гьезул росдадехун бугеб рахъ кьун буго.
Гьакъоса Хъазанатил МухIамад:
- Бусурбабазул аскаргун Абумуслимги вачIун гьес нахъе къотIизегIан гьаб нилъер мухъ гуржиязухъ букIанин буго бицен. Гьелъие гIемерал мисалалги руго нижер росулъ: хабалазул хутIелал, бакIазда цIарал, тIагIелал. МосокIиял абун цо гьезул тайпаялъулгун нижеразул рагъ ккеялъулги букIана хабар. Гьакъо росдада нахъа Мосойилъар абун, гуржиязул рахъалда бугеб ЦIоромагIардаса чвахулеб лъарги кIкIалги буго. Гуржиялъе чабхъад ун букIараб цо гьакварисезул къокъа гьез гъуриялъул хIинкъиги букIун кумек гьаридал, гьакъосез гьеб гьабун буго. Гьеб ишалда бан Гьаквари росулъ кибалиго хъван бугин абула: «ЛъикIлъигун вачIарав Гьакъоса чи нахъе чIваге»[62], – ян.
.........................................
[62] Бицен букIана гьедин хъвараб гамачI бугин Гъоркьгьаквариб мажгиталъул къадалъ. Амма гьел гIадамал, гьакъосел гурел силдал ругин. Нижеда гьединаб гамачI гьениб батичIо, гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо гьакварисездаги гьечIо. Щварал цогидал баяназда рекъон, гьакварисезе кумекалъе къедисел рахъинчIого чIеялъе гIилла букIун буго гуржиязулгун гьезул букIараб къотIи.
Гьакъоса МухIамадил ГъазимухIамад:
- Нижер гьаниб бугеб биценалда рекъон, Ункъракьалъул росаби руго кIиабизе ва лъабабизе рарал. Цо заманалъ гьаб кинабго ракь гуржиязухъги букIун буго. Нилъер гIадамазулгун ккарал рагъазулъги къун, гьел гьаниса нахъе ун руго. Гьелдаса хадур гьанир рукIун руго гьидерил гIадамал. Цинги рачIарал руго Хунзахъа ва цоги-цоги бакIаздаса магIарулал.
Сасикьа Сайпудинил ГIусман:
- 1500-600 соназ нижер ХIорихъ аскIоб ГанцIи абулеб бакIалда букIун буго гуржиязул росу. Гьединабго росу Сасикь росдада тIад Жалал щобилъги (Даитил хурзал) букIун буго. Гьеб кIиябго росдада гьоркьоб чангъил нухги букIун буго. Эчеди магIарда хIор бугеб бакIалда гъоркь ЦIагъириги букIун буго - рукъзазул бакIалда дугъалги гьарун гIуцIараб цогиги гьединабго росу. Ангъиз авалалда тIад КIудияб хъитIалда нахъаса тIадеги цебе гIадамазул чIей букIараб хIисаб буго. Дун гьитIинаб мехалъ гьениб гIемераб щегIги цо-цо маххул тIагIелалги ратулаан. Совет хIукуматалъул заманалъ гьел киналго бакIазул цIех-рех гьабизе рачIун рукIана гуржиязул археологал. Гьез гIезегIанго бакI бухъа хъирщана гьениб. Гьел гуржиязул росаби гьедин гохI- щобазда рукIиналъе гIиллаги буго, доб заманалъ кинабго гIодоблъи рохьаз цIураб букIин. Жалалъ щобде унеб нух ГIабдуразакъил ГIабдурахIимил рукъ бугеб бакIалда тIасан букIун буго. Гьенибги ЦIагъирибги буго гIоштIоца къотIараб гIадин цо кьурул хъитIги гIанлъун гьабураб жаниблъи. Сундуе къваригIун лъаларо, амма гьел гьаруралдаса азаргогIаги сон ун батилин ккола дида. Гьел росабиги рухIун, гьенир рукIарал гIадамал, цоял чIван, цогидал лъутизарун, гьалаг гьарун руго Абумуслимица бетIерлъи гьабулеб магIарулалги гIарабалги журараб аскаралъ.
Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIим:
- Сасикь буго рорхатал ва хъачIал мугIрузул кIкIалахъ, къваридаб лъарамухъалъул хьалбазда бараб гIадатаб магIарул росу. Сасикь абураб цIар росдае щун буго гьелда тIаде балагьараб борхатаб кьуру сабаблъун. ГIадамаз бараб сиялда релълъун буго гьеб. Байбихьуда «Сидукь – Сиялда гъоркь» абун букIараб гьеб рагIи заманалдаса «Сасикь» абун сверун буго. ТIоцересел гIадамал Сасикье рачIун руго Болъихъ районалъул Хелекьуриса. Ругел биценазда рекъон, Хелекьуриса кIиго вац сапаралъ вахъун вуго, кIиго лъим бугеб бакIалда гьоркьор гурого, жал яшав гьабун чIеларин къотIиги гьабун. Гьелъие гIиллаги буго Хелекьури букIин лъим дагьаб бакIалда магIарда бугеб росу. Сасикье щведал, гьениб кIкIалахъан эхебе унеб цояб, магIардасан чвахун бачIунеб цогидаб, кIиго лъарги, аскIоб цун хьонлъул рахъалда рохьги, бакълъул рахъалда хур-хер гьабизе санагIатаб ракьги батун, гьез хIукму гьабун буго гьеб бакIалда къай чIвазе. Рукъзал разе тIаса бищун буго лъарамухъ: борхатаб кьурул сиялда гъоркь, тушманасдаса цIунизе санагIатаб бакIалда. Гьеб кьурда гъоркь минаби раялъе цоги сабаб буго лъикIаб ракь хур-хералъе цIуни. Заманалъ асар гьабун, гIадамаз ва боцIуца хисизабун, гьанже Сасикь росдада аскIоб рохьги хутIун гьечIо, бекьулеб ва бецулеб ракьги цIакъ дагьлъун буго. Лъарамухъги иххаз чурун квешаб, гъваридаб кIкIаламухъалде сверун буго.
(хадусеб 2 БУТ1А: Г1АДАМАЛ ХЪВАЙ)
Свидетельство о публикации №226032701812