Къеди ва къедисел. 2 бутIа. ГIадамал хъвай

КЕДИ И КЕДИНЦЫ
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 2
Население
(На аварском языке)


1980 соналъ, мацIазул гIалимчи Казбек МикагIиловас Къедиса Хъазил Субайбатида цIехон гьарурал хъвай хъвагIаязда жанир ратарал баянал:

КЪЕДИ РУГЕЛ ТУХУМАЛ:
 
Малалал – ЦIоралдаса рачIарал. Цоцахъе кьолеб цо мали букIун буго гьезул, гьелдаса бачIараб буго гьеб цIарги.
Къойилал – чачаназул ГIачIини росулъа рачIарал. Къо бахъизе (гIи-боцIуданиги, хурир-харинир хIалтIизениги) ун гьелдаса бачIараб мухьалдалъун бетIербахъи гьабулел.
Гьамшал – Хундерил Гьамуши росулъа бидриххун рачIарал.
ГIавухъал – ГIавухъа рачIарал.
ХIадисилал
Нуцаби – Хунзахъа рачIарал.
Сулиял
Чихосезул
Гьимсал
ХIусенилал
…………………………………

КЪЕДИСЕЗУЛ ТУХУМАЛ ВА КЬИБИЛАЛ[63]

 Къедисезул тухумазул хIакъалъулъ Хъазил Субайбатица Казбекихъе кьун ратарал баяназул хIакъикъат лъалев чи Къедив цогIаги данлъичIо. Гьелъул гIаксалда, чанги чи ватана жиндир лъабабилевгицин эмен лъаларев. Гьеб ва гьелда релълъарал цогидалги гIиллаби сабаблъун, жакъа ругел къедисезул гIемерисел хъизаназул тухум бихьизабичIого, инсул рукъалъул кьибил хъван тана. Гьедин тарал руго гьаниб хадуб лъураб сияхIалъул байбихьуда рихьизарурал КIушкIандилалги Тумалалги. СияхIалъул ахиралда ругел хъизаналги тухум-кьибил лъачIого жалго рихьизарун тарал руго. Субайбатица рихьизарун рукIарал цо-цо тухумазул цIаралги гьоркьор риччазе ккана, гьединал тухумалги рукIанин, жалги гьездаса ругин абулел гIадамал Къедир рахъинчIолъиялъ.
.....................................................
 [63] Тухумги кьибилги батIи-батIияб жо буго.

1. КIУШКIАНДИЛАЛ[64] (яги ХважакIилал).
(ДНК - RIa-MI98).

РачIараб бакI: кьолболал (гьанже бугеб бакIалда росу гьечIеб мехалъги Къеди ракьалда рукIарал – авт.). ЧIараб авал: росдал ТIасияб рахъ, лъарал квегIаб хьибил, ГIамиргIалил рукъалда аскIосан магъилъе унеб къотIноса байбихьун, гьанже АмирхIамзал МухIамадил рукъ бугеб бакIалде щвезегIан[65]. Авалалда цIар: Кванхи авалалъул цо бутIа (Субайбатица бицана), Гьамшадерил авалалъул цо бутIа (Халилица бицана).
 
Гьеб кьибилалъул хъизанал:
1). Анлъичил ГIабдухабирил хъизан.
2). КIушкIандил ГIалил Исрапилил хъизан.
3). ГIашикъил ГъазимухIамадил хъизан.
4). Халитил Герейханил ва НурмухIамадил хъизан.
5). ХважакIил Юсупил хъизан (Шава).
6). Сагитасул хъизан (Шава).
7). ИсмагIилил Якъубил хъизан (Шава).
8). Дибирасул МухIамадил хъизан.
9). Тунжил хъизан (Бариянил ГIиса).
10). Дамилал(?). КIушкIандилазул гIадамал Чачаналълъги руго (ГIашикъов МухIамадица бицана). (Къиялъ ГьагIмади хабалалъ занал руго ГIашикъ, ГъазимухIамад ва цоги гьеб кьибилалда ругел гIадал цIарал тIад хъварал).
........................................................
[64] Гьеб цIар «Константин» бугин абураб хабаралда ниж рази гьечIо, щайгурелъул, Азиялда машгьураб, бакIазулги гIадамазулги цIар буго «КIушкIанд». Гьениса Кавказалде гьеб бачIинги бигьаяб масъала буго. КIушкIанд абун цIар бугев цо нуцалги вукIана Хунзахъ.
[65] КIушкIандилазул минаби росулъ цоги-цоги авалаздаги руго, амма рехсараб авалалда гIадин гIемерги гъункунги гьечIо.

2. ТУМАЛАЛ[66] (яги Ганкьилал).

РачIараб бакI: кьолболал (гьанже бугеб бакIалда росу гьечIеб мехалъги Къеди ракьалда рукIарал – авт.). ЧIараб авал: ?

Гьеб кьибилалъул хъизанал:
1). Рекъав ГIамирханил хъизан (ХIажидада).
2). Тумал Закарял Зайпулал хъизан (ЦIияб Гъагъалъ).
3). Тумал ГIалиханил Нажмудинил хъизан (ХIажидада).
..............................................
 [66] Гьелги КIушкIандилалги цо чагIи ругин абула Къедиб. Амма гьезул минаби цо авалалда гьечIо. КIудияв Мусадибирасул ГIусманил хъизанги ГIамирханилазул инсул рукъалъул буго, амма гьезда щаялиго я Тумалалин яги Ганкьилалин абуларо. Гьеб суал мухIканлъизе буго гьезги ДНК цIех-рех гьабидал. («Нижги, Тумалалги, КIущкIандилалги, Ганкьилалги цо кьибилалъул чагIи руго, нижер гIемерисел ракьалги кулабиги цоязул Чалахо, цогидазул Кьурданахъа руго»). (Бицана Мусадибирасул ГIусманица). 

3. КЪОЙИЛАЛ

РачIараб бакI: Хунзахъ мухъ (Халилица бицана). Къиялъ, ГIачIини росу (Халилил эбел Субайбатица бицана). ЧIараб авал: ? Гьеб тухумалдаса ругин жалин абун жидецаго яги цогидаз нугIлъи гьабулел хъизанал:
1). МукIувашил Чимчарал хъизанал (Таймасханил Мирзаханица бицана).
2).ИбнухIажарил Халилилги ГIабдурашидилги хъизанал (ИбнухIажарил Халилица бицана).

4. НУЦАБИ

Нуцабазул ругин жалин абулел къедисезда гьоркьоб гIемераб тенкей-къец букIана цебеги, гьанжеги гьединго буго. Гьезул гьеб къец гIемерисеб букIуна цоял-цояз нуцабилъун къабул гьари гьарунгутIиялда сверухъ. Жал гурел цогидал гьезул гьечIолъиялъе киназго бачунеб хIужа-далилги букIуна цого: гьоркьор риччарал ругин яги ригьнал гIагарлъи бугин абун.
Гьаб хIалтIи хъвалаго, жал нуцабазул кколин абулел къедисезул жиб-жиб наслуялда жаниб[67] яги цогидал къедисез бицунеб, гьединго къедисезул мадугьалзабазги бицунеб жоялъул гIемериселда мугъчIвай гьабун букIарабани, нуцабазул наслуялъул чи Къеди хутIун гьечIин абураб хIасил бачIизе букIана.
Нижеца гьедин гьабичIо. Гьелъие ругел гIиллабазул бищунго кIвар бугел руго гьал:
 
ТIоцебесеб.
ГIемерисел гIадамазул хасияталдаса букIин цIакъго бокьараб гIагарлъиялъе, гьудул-гьалмагълъиялъе гурони лъикIаб жоялдалъун нугIлъи гьабунгутIи.
 
КIиабилеб.
Цо-цо кIвар бугел гIиллаби сабаблъун, Къедиса нуцабиги гьезул наслабиги ункъракьалъулазе рокьизе рес гьечIолъи.

Гьеб тухумалъулин абун рихьизарурал хъизаназул сияхI гьабулаго мугъчIвай гьабуна гьал хадур рехсарал тIалабазда:
 
1. Жидер хIакъалъулъ тарихалда баянал рукIин;
2. Нуцабазулин къедисез абулел ракьазда[68] жанир жидер кулалги ракьалги рукIин.
3. Нуцабазул авалазда жидер минаби рукIин.
4. Цо-цо къедисезул ва гьезда мадугьалихъ ругел росабалъа гIадамазул бихьизаби;
5. Жалго гьел хъизаназул бихьизаби;
6. Къедиса нуцабазул рукIарал цIарал гьел хъизаназда жанир такрарлъи.

(Цере рехсарал тIалабазул кIигоябгIаги жидее данде кколел гIадамал нуцаби тухумалъул сияхIалде росана, тарихалда баянал цIуни мурадалда).

РачIараб бакI: цоял кьолболал, цогидал – цIирачIарал. (Хунзахъ мухъалдаса, ГIарабиялъа - тарихалда). (Гьидалъа, Къиялъа – авт.).
ЧIараб авал: цоял Кавуда тIад ва гьелъул тIасияб щобилъа гъоркье лъарахъе щвезегIан, цогидал – росдал тIасияб рахъ, лъарал квегIаб ва кваранаб хьибил, ГIалихъиличил МухIамадкамилил рукъалда аскIоб – АмирхIамзал мина, ГIамиргIалил мадугьалихъ – Малачил мина ва гьениса эхеде гьанже АмирхIамзал МухIамадил рукъ бугеб бакIалде щвезегIан ругел минаби[69].
 
Авалалда цIар: ГIамм гьабун «ТIасияб рахъ».
1) Каву.
2) Кванхи авал (Субайбатица бицана), Гьамшадерил авал (Халилица бицана).

Гьеб тухумалдаса ругин жалин абун жидецаго яги цогидаз нугIлъи гьабулел хъизанал:

1). Алдамил Хъиличил ГIумаханилги Нуцалханилги хъизанал (ДНК, L-M317) (Алдамилал[70]). (Хунзахъ ТIанусиса рачIарал - Нуцалханил ХIасбулаца бицана).  2). АмирхIамзал Сурхайил ва ХIадисил ИсмагIилилги Мусалги хъизанал (ДНК, J1-ZC), (Хунзахъа рачIарал. Сурхайил Сакинатица, Нуцалханил МухIамадханица, Сивухъ ва Хуштада -Талилъ бицана)[72]. 
3). Ханбулатил ХIамзатил МухIамадханилги, ГIамирханилги, ГIалисултIанилги хъизанал (ДНК, L-M20), (Хунзахъ Байикь ва ЧIондокь росабалъа рачIарал. ГIалихъиличил МухIамадкамилица бицана).
4). АхIмадханил Ханбулатил Ибахъилги, МухIамадханилги, ГIисалги хъизанал (ДНК, L-M20), (Гьамущи ва Мущули росаби ругеб жаниблъиялдаса рачIарал). (Расулил Сайдарханица бицана)[74].
5). МухIамадханил ИмангIалил АхIмадханилги Гехалги хъизанал[76].
6). КIудияв ЩагIбанил хъизанал (ДНК, L-M20)[77].
7). Малачил хъизанал[78] (Гьакъоса Хъазанатил МухIамадица бицана). (ГIамиргIалил рукъалда аскIор ругел чIваднал(?) - авт.).
8). НурмухIамадил Зубайрил[79] ва Пайзулал хъизанал. (Сасикь бицана).

[67] Цоял-цояз нуцабилъун къабул гьари-гьарунгутIи.
[68] Балагье гьаб тIехьалъул 5 бутIаялда. Дагъистаналъул магIарухъа ва Къиялъа магъало бакIариялда сверухъ хабар.
[69] Гьенир руго Сурхайилазул, АмирхIамзалазул, Ханбулатил ХIамзатил ГIалисултанилазул (АмирхIамзалазе бичана), АхIмадханил Ханбулатил МухIамадханилазул (Аслудин жанив вукIараб мина. АмирхIамзалазе бичана) ва КIушкIандилазул минаби. Бурашилазул гьеб минаялда жанив гIумру гьабун вукIун вуго КIудияв Ханбулат. Гьев ккола 19 гIасруялдаго вукIарав гьезул кIудияв эмен. АмирхIамзалазул минаялъул нахъисеб квегIаб рукъ бугеб бакIалдаса тIаде 1920 соназги жеги биххун лъугIичIеб сиялъул 3 тIала букIун буго. Гьелъул кьучIги кьурда тIад бугеб хIисаб буго. (ХIамиччгохIдаса эхебе Кавуде бачIунеб кьурул щобалда тIад). Гьеб сиялъул лъабабилеб тIалаялда букIун буго ХIадисил БатIинал рукъ. Гьеб рокъой бахIарайги гьаюн кьунин жий ХIамзатил ГIамирханиейин абун бицунеб букIун буго БатIинаца. (Бицарал: Сурхайил Сакинат, ХIадисил БатIина). Гьеб си букIараб ва гьелда цебе лъарахъехун бугеб бакI АмирхIамзалазул буго. Кваранаб рахъалда цураб - Бурашилазул буго. Нахъехун цун КIушкIандилал руго. КIушкIандилал хутIун цогидал гьанир рехсаралщинал къедисез жал нуцабазул кьибилалъул ругин абула.
[70] БатIи-батIиял тарихиял тIахьазда жаниб гIемер бицун буго Къедир Алдамилалин жидеда абулел нуцаби рукIанин. ГIахьвахъ районалъул Ингердахъги буго гьединабго цIар бугеб тухум. Ингердахъ гьезда Буртиялинги абула, нуцабиянги абула (Бицана Ингердахъа Кураев Мурадица).
[71] Шахбан Хапизов. Ункратлинские нуцалчи.
[72] «Дир инсуца абулаан, нижер эбел ПатIиматилги, гьелъул яцал Сакинат Ханзадалъулги умумул нуцабазул рукIанин». (ХъазилмухIамадил Завурбег).
[73] Шахбан Хапизов. Ункратлинские нуцалчи.
[74] ДНК цIех-рехазул хIасилазда балагьун бихьулеб буго ХIамзатил ГIалисултIанилалги Бурашилалги цо инсул рукъалъул гIадамал рукIин. Гьезул цо эмен вукIун вуго гIага шагарго 18 гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда (1750 соназдаса хадув).
[75] Шахбан Хапизов. Ункратлинские нуцалчи.
[76] Гехал Ханзадаца бицана, инсуца абулаанин, ГIалихъиличилалги Бурашилалги жиндир инсул рукъалъул гIадамал ругин, Алдамилазул хIакъалъулъ гьес гьедин абулеб букIинчIин.
[77] Чупаласул АмирхIамзал ХIажимухIамад, ХIажимухIамадил ЩагIбан, ЩагIбанил ГIабдухаликъ, ГIабдухаликъил ЩагIбан, ЩагIбанил ГIабдулхIакъ ва цогидал васал. (Аларханил Шагьрунабица бицана).
[78] РГВИА. Ф. 14719. Оп. 3. Д. 208.
[79] Гьезда ХIинцалал яги ХIанкалал абула Къедиб. Гьез жидецаго жал нуцабазул ругин абичIо, амма цо-цо баяназда рекъон нуцабазулгун гьезул гIагарлъи буго, нуцабазул ракьал ругел бакIазда гьезул ракьалги руго. (ХIанкалав-нуцаласул вас АмирхIамза ва ясал СунтIазадайги Ханзадайги рукIана 18 гIасруялъ Хунзахъа Къедире рачIун. СунтIазадай буго гьел ХIинцалазул кIудияй эбелалда цIар (ЦIелмесалдаса ячIарайин буго Къедиб цо бицен). Нуцабазулгун бугеб гIагарлъи гьелдаса букIинеги рес буго).

5. МАЛАЛАЛ[80]

РачIараб бакI: КIкIаратIа, ГIанчихъ (ГIахьвахъ мухъ), (КIкIаратIисезул бицен ва гьезул цIарал – авт.), ЦIор (СагIадулал МикагIилица ва Хъазил Субайбатица бицана), Гъодобери, Къиялъ, Гьидалъ (Къеди ругел биценал).
Гьеб тухумалъул гIадамазул чIей бугеб авалалда балагьун бихьулеб буго гьанже Къеди росу бугеб бакIалда тIоцере рарал минаби гьезул рукIин, гьединлъидал гьездаги кьолболалин абизе бегьула.
ЧIараб авал: росдал Гъоркьияб рахъ, ЗуралбакIалдаса байбихьун ГIашикъил ГъазимухIамадил рукъалде щвезегIан бугеб росдал цо бутIа, Кавуда цебе, мажгит бугеб лабаллъи.
Авалалда цIар: «Гъоркьияб рахъ» (Малалазул авал – авт.).
Гьеб тухумалдаса ругин жалин абун жидецаго яги цогидаз нугIлъи гьабулел хъизанал:
1). ГIисал (ХъазилмухIамадил, Насрудинил, Дибирасул) хъизанал, (ДНК - L-M20)[81].
2). Туначол МухIамадил хъизанал.
3). Пирбудагъил МикагIилил хъизанал.
4). Хизрил ХIанапил, Ашахъанил хъизанал.
5). Гьарунил хъизанал (Аксай).
6). Загьраласул, Сайпулал ГIалил хъизанал (Шава).
7). Чанкурил хъизанал (ХIажидада).
8). ГьитIвасил ГIалил хъизан (ХIажидада).
9). Эскил хъизанал.
10). ГIащикъил ГIусманил ГIабасил хъизанал (Асадула, ГIусман, МухIамад).
11). Дибирасул СагIадулалги Гъайирбегилги хъизанал (Чачаналълъ).
12). ГIисалгIалил ИсмагIилил ХIасанилги ХIосенилги хъизанал (ХIажидада, Аксай) ва цогидалги ратизе бегьула.
......................................................

[80] XVIII гIасруялъул ахиралда XIX гIасруялъул байбихьуда КIкIаратIа вукIана Мала абун чи, сверухъ ругел халкъаз жинда «КIкIирдал-хан» абун цIар тарав. Къедиса гIадамазул цо тайпа КIкIаратIаса бачIин хIакъаб батани, гьеб цIарги гьез бачIун букIине бегьула.
а). Гьеб тухумги гьелда гьоркьоре унел гIадамалги цо инсул рукъалъул гьечIо. Мухь кьун (оц хъун) гьоркьоре риччарал батIи-батIиял гIадамазул цолъи буго, чачан къагIидаялъ гIуцIараб.
б). ГIахьвахъ мухъалъул Ингердахъги буго Малалал абун тухум.
[81] ГIисалазул ДНК-цIех-рехалъул хIасил Бурашилазда ва ГIалисултIанилазда релълъараб буго, амма гьезул цо эмен 1000-1500 соналъ цеве вукIараб хIисаб буго.

6. СУЛИЯЛ[82]

( «Лолониса» - янги абула).
(Гьезул минаби ругеб бакIалда цIар «Лолахъ» букIиналъ рекIараб цIар). (ГъазимухIамадил МухIамадсултIаница бицана).
 
РачIараб бакI: Къиялъ, КIесели (Къедир ругел биценал).
ЧIараб авал: росдал гъоркьияб рахъ, Насрудинил рукъалда хьибилалдаса гъоркье лъарахъехун бугеб къотIносан байбихьун, гьанже медпункт бугеб, цебе годекIан букIараб бакIалде щвезегIан, росу бакьулъа эхебе унеб къватIалдаги лъаралдаги гьоркьоб бугеб бакI.
Авалалда цIар:
1.Гъоркьияб рахъ.
2.«Лолахъ».
Гьеб тухумалдаса ругин жалин абун жидецаго яги цогидаз нугIлъи гьабулел хъизанал:
1). КъадихIмал ХIасбулатилги Чупанилги хъизанал.
2). Лабазанил Ибрагьимил Дибирасул ГIалидибирил хъизанал.
3). НурмухIамадил Зубайрилги Пайзулалазулги хъизанал[83] (Зубайрил Закаряца бицана).
........................................................

[82] Сулаби. Чачаназ Сулиялин абула Дагъистаналдаса рачIун Чачаналълъ чIарал ва чачанал лъугьарал магIарулазда. (Гьеб цIаралда сверухъ цоги чанго батIияб хабар буго).
[83] ХIинцалазул нуцабазулгун гIагарлъиги буго, нуцабазул ракьал ругел бакIазда гьезул ракьалги руго, амма гьез жал Сулиязул ругин абуна. (Зубайрил Закаря).

7. ГIАВУХЪАЛ[84]

РачIараб бакI: ГIавухъ мухъ[85] - (авт.).
ЧIараб авал: ?
Гьеб тухумалдаса ругин жалин абун жидецаго яги цогидаз нугIлъи гьабулел хъизанал: МухIамадил МуртазагIалил СагIидил МухIамадханилги, МухIамадилги хъизанал[86].

[84] Къедир ругел биценазда рекъон, гIага-шагарго XVIII гIасруялъул ахиралда Къедиве вачIун вуго Дагъистаналъул ГIавухъ мухъалдаса цо чи. Гьес гьениб гIараб гIелму цIалун буго ва Къедиса АмирхIамзалазул (ХIадисилазул) гIаданги ячун гIумру гьабун гьенив чIун вуго. Гьесул ахирисел гIадамал Къедир лъала СагIидил МухIамадханилалин абун. Гьезул рокъоса 3-4 гIалимчи (цIаларав чи) вукIана Къеди. «2006 соналъ Къедие ячIун йикIана Цветковкаялда чIарай Шамай абун чIужугIадан. Гьелъ бицана жий йигин Къедиса СагIидил МухIамадханил вацасул вас Сахрудинил яс. Чачаналълъ рукIарал гьев МухIамадханил васал ТIалхIат ва БатагIали кколин жиндир инсул вацгIалзаби. Жиндир эбел йигин Кванхиса. Сарижайин абулеб букIанин гьелда чачаназ. Гьев Сахрудин Къедиса Чачаналълъе ун вуго жеги чIужу ячинчIев гIолохъанчи. Цинги ГIалхан-мартаналда чIужуги ячун ун вуго Росничуялде. 1944 соналъ Казахстаналде гочизавун, цо лъагIалидаса гьенив хун вуго. Гьесул инсул цIар букIун буго ТIалхIат абун. Жиндир памилия ТIалхIатова бугинги бицана гьей гIаданалъ дида». (АмирхIамзал МухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса босараб).
«СагIидил МухIамадханилазул букIараб гIелмуялъул цо бутI ТIадгьаквари буго». (Туначилазул МухIамад).
[85] ГIавухъ, Дагъистан.
[86] СагIид ва ГIабдурахIман. (Гъизилюрт шагьаралда чIей бугел).

8. ХIОСЕНИЛАЛ[87]

РачIараб бакI: Хунзахъ мухъалъул ЛъагIилухъ росулъа бид риххун - (ГъазимухIамадил МухIамадсултаница бицана).
ЧIараб авал: Гьанже медпункт бугеб, цебе годекIан букIараб авал.
.......................................................

 [87] Хъазил Субайбатица бицана.

ХIисаб гьабидал, цере рехсарал тухум-кьибилазда жаниреги унарел, жидерго хасаб тухум-кьибил бугинги абичIел хъизанал руго гьанир хадур рехсарал:

1). Шаруханил Сахрул. (Шамилил наиблъун вукIарав Сасикьа Хатил МухIамадил вас НурмухIамадил (Париласул) хъизан).
2). ГIабулил ГъазимухIамадил ГъазимухIамад, Сахратула).
3). МухIучил ГIабдулал хъизан (Шава).
4). Жамалудинил ГIалил хъизан (Коби). хъизан. (Хайрула,
5). ГьитIичил ШапигIил хъизан (Сурхай ХIажидада).
6). Гъазиясул МухIамадил хъизан.
7). Шамилил ГIисал хъизан.
8). ХIажиясул хъизан (Шава).
9). Насибил ГIаммал хъизан (Коби).
10). ГIамиргIалил хъизан[88]
11). Ханавил ГъазимухIамадил ГIумарил ва Батирханил (Герей, Шавалхан) хъизанал.
12). Нуричул Ханавил ва МукIул хъизанал (Ругел биценазда рекъон, Сасикь ругел Нуричулалги гьезул руго).
13). ГIалил Давудил ГIалил, Ханавил, БацIханил, ГIумарил ва ГIусманил хъизанал.
14). ГъазимухIамадил МухIамадил Хилидал хъизан (Нуцалай).
15). Ипилал (Шавалханилал(?)
Гьел гурел цогидалги ратизе бегьула.
…………………………….......................................
 
[88] ГIамиргIалил хъизанги нуцабазул батизе рес буго. Нуцабазулгун гьезул гIагарлъиги буго, Малачилги гьезулги минабиги цо бакIалда руго. ГIалихъиличилаз абула, 1844 соналъ муридзабаз чIвазехъин вукIарав жидер кIудияв эмен ХIамзат, гьитIинав вас, ГIамиргIалилаз хвасар гьавун вугин.

КЪЕДИСЕЗУЛ ТУХУМ-КЬИБИЛАЗУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ЦО-ЦО БАЯНАЛ

 СагIадулал МикагIил:

- Дир кIудияв эмен Дибирас дунялалда бана 130 сон. Гьес бицунаан, дол гьидалъел нахъе ун хадур тIоцере Къедире рачIарал гIадамал ругин нилъер «Малалал» абулеб тухумалъул чагIи. Гьел рачIараб бакIги бугин Алазан гIорул жаниблъиялда[89], Азербайджаналда аскIоб бугеб магIарулазул ЦIор мухъалъул Къеди росу. Дир инсул вац, гIемераб заманалъ дибирлъи гьабун Чачаналълъ вукIарав Гъайирбег витIун вукIун вуго кIудадаца кодобе адресги кьун ЦIоралде, гьенир ругел гIагарал чагIазухъе щвезе. Гьесги бицунаан жинда гьенир инсул вацгIалзаби(?) ратанин.
Ниж руго гьеб Малалал тухумалъул гIадамал.
Гьелда жанире уна гьал хъизанал:
Хъазилал
Туначолал (Пирбудагъилал)
Малачилал[90] (МикагIил, Зирайлав)
ХIанапилал
Гьарунилал
Сайпулалал
Чанкурилал
Искилал
ГIабасилал
Насрудинилал
Салталал
Цогидал къедисез гьезда «Ракьа капурал малалал» анги абулеб букIун буго цебе. Гьедин абиялъе гIилла батила гьел гIадамал жидер рагIи билълъарал, цогидазе бокьараб кьоларел рукIин.
..............................................

[89] Гьеб жаниблъиялда буго Земо-Кеди ва Квемо-Кеди (земо-тIад, квемо-гъоркь) абун кIиго росу. Тарихалда балагьидал лъана гьел росаби гIуцIцIун рукIин 17-18 гIасруялда Хевсуриялъа ва Тушалъа гочун арал гIадамаз.
[90] Къеди Малачилал кIиго батIиял руго. Рехсарал Малачилалги Туначолалги цо чагIи руго.

Гьакъоса Хъазанатил МухIамад:

- Цебе заманалъ Къедир рештIине рачIун руго Хунзахъа ханзабазул чагIи, Алдам ва ГIалихан абун кIиго вац. Цо заманалдаса ГIалихан магIардасан вачIун Гьакъове щун вуго ва гIумру гьабун гьанив чIун вуго. Гьесул наслуялъул гIадамал руго нижер хъизанги, Халикъилал, Пирбудагъилал ва ГIамирханилалги. Нижеда нуцабазул чагIиянги абула, Суракъатилалинги абула. Цо-цо ниж рокьуларез гьеб суризеги гьабула, капурав, квешав чи вукIун вугин гьевин. Гьелго нуцабазул гIадамал руго Силдир ругел Хъазиял абулел чагIиги. Умумулъа тIадего цоцаде тIаде-гъоркье щолел рукIарал нижер гIагарал чагIи руго Къедиса АмирхIамзалал (ХIадисилал), Алдамилал, ГIалисултанилал ва Малачилал.

Гьакъоса МухIамадил ГъазимухIамад:

- Доб Шамилил Имамат бугеб заманалъ Къедир нуцаби гъурулелъул гьениса лъутун лъабго вац ворчIун вуго. Цояв, ГIалихан абун цIар бугев вачIун вуго Гьакъове, кIиабилев – Хъази - Силдиве, лъабабилев – МухIамадхан Къедив чIун вугин абула. Гьев кIиявго чиясдаса лъугьарал лъикIаланго гIадамал руго Гьакъорги Силдирги. Нижерго кIудияв эмен Чергес Гьакъове вачIун вуго къияла зул Гучанкали абулеб росулъа бид виххун. Гьебго заманалъ вачIун вуго Къедиса ГIалиханги. КIиясулго лъикIаб гьудуллъиги ккун гьаз хIукму гьабун буго жинди-жиндие си базе. ГIалиханица гьеб бан буго гуржиял рачIунеб рахъалда росу рагIалда, Чергесица – къиялал рачIунеб рахъалда. Гьел сиязул хутIелал руго гьабсагIаталъги. Дир эбел ккола гьев ГIалиханилазул рукъалъул гIадан, чIужуги ХIажидадаялда вугев Къедиса ГIалидибирасул яцгIал йиго. «Гьакъо васал гIемерал, Къеди ясал гIемерал», - анги абулаан цебе нижехъ.

Сасикьа АхIмаднабил СайидмухIамад:

- Сасикьа Тула-ГIисал яц, Къебед-МухIамадил яс Меседо Къедиса Чупаласда йикIуна. Рос чIвайдал гьей Хатил МухIамадие уна. Гьесие гьелъ ХIамзатин абун цо васги гьавула. МухIамадидаса ятIалъун хадуй гьей ГIисал Дибирасеги ун йиго[91]. Чупаласе гьаюрай цо ясги йикIуна Меседол. Гьелъул къисмат дида лъаларо. Къедисаги ячIун къороллъуда йикIарай гьей Меседо ячине бокьун кIудияб къец букIун бугин Хатил МухIмадилги ГIисал Дибирасулги ян бицуна нижехъ. Къедиса нуцабазул нахъе хутIарал гIадамал руго Къедиса Бурашилал, Алдамилал ва ГIалисултIанилал. Цогидалги ратила, амма гьел дида лъаларо. ХIамзатил МухIамадханилал(?) абулел чагIи Гуржи-нуцабазул(?) хутIарал ругинги букIана нижехъ цо бицен - Хунзахъа нуцаби Къедире рачIиндал гьез жидехъа ханлъи бахъарал. Гьел Гуржи-нуцабазул руго нижехъа Даитилал абулел гIадамалги. Къедисаги тIоцеве нижехъе гьезул цо Малач абун чи вачIун вукIун вуго, гьесул лъугьараб буго гьеб хъизан. Къедир гьезул жакъа ругел дида лъалел гIагарал чагIи руго Пайзулалалги ХIинцасулалги. Нижехъа БацIилалин абулел чагIи Хундерил нуцабазул руго. Гьезул кIудиявги нижехъе Къедиса вачIун вуго, цIарги гьесда Арсланбег букIун буго. Хунзахъел Къедире рачIине цебеккун гьеб ракьги гьидерихъ букIун буго. Гьел гьез хIал гьабун гьениса нахъе къотIун руго.

БацIиязул Арсланбег:

- Нилъер бакIалда чIей гьабун гъоркь гьидалъел рукIадго тIаде рачIун руго Хунзахъа 18 хъизан. Гьел гьедин рачIиналъе гIиллаги букIун буго гьеб ракь хундерица гьидерихъа босун букIин. Гьел хунзахъезул кIигоял рукIун руго нуцабазул чагIи – кIиго вац. Гьидерихъа босараб кинабго ракь гьез жидедаго гьоркьоб бикьун буго. Гьел вацазул цоясул руго Алдамилал, цогидасул – ниж, Бурашилал. Гьелдаса хадур гьидалъел гьенисан нахъе анинги буго, киналго инчIинги абула. Сасикь чIарал Къедиса нуцабазул гIадамал ккола БацIилалги Даитилилалги. Даитилал руго Къедиса Нуцалханилазул, БацIилал - Бурашилазул. Къедир хабалалъ гьел БацIилазул цересел чагIазул ункъго заниги буго. Цоялда хъван буго «Шишхан», цогидалда - «ЦIихIан», лъабабилелда - «ГIалигъалбацI». Къедир ругел Гъазиясул МухIамадил чагIи нижер «Ангъал» тухумалъул гIадамал руго, Сасикьа гочун гьенире арал.
........................................................

[91] Хатил МухIамад чIван хадуй гьесул чIужу Меседо гьелъул вац Тула-ГIисаца ГIисал Дибирасе кьун йиго. Гьесие гьелъ гьавун вуго ХIасан ва ХIосен абун кIиго вас. (Бицана Сасикьа Сайпудинил ГIусманица).

Сасикьа Сайпудинил ГIусман:

- Сасикьа Тула-ГIисал яц Меседо йикIун йиго Къедиса нуцабазул чи Чупаласда. Гьей йиго Ангъал тухумалъул Къебед МухIамадил 16 васасда гьоркьой гIурай цого-цо йигей яс. Гьебго заманалъ гьелго нуцабазул чи Сурхайида йикIун йиго Сасикьа ГIабдуразакъилазул гIадан. ЦIар лъаларо. Гьей Меседоца Чупаласе гьавун вукIун вуго ХIамзат абун цо вас. Гьебги букIун буго Шамиль жеги имамлъун течIеб заман. Чупалав доб заманалъ нуцабазда гьоркьов рагIи билълъарав чи вукIун вуго, гьединалго рукIун руго Сурхайги Алдамги. Къеди-Сасикь ругел нуцабиян абулел чагIазул рачIараб бакIги кIиго батIияб буго – Хунзахъа ва Гуржиялъа. Шамилил муридзабаз сверун ккун бугеб заманалъ Кавуда сиял да жанир руччабиги рукIун руго. Гьелда цIа рекIиндал гьениса къва- тIире рехарал руго гьей ангъадерил Меседоги, Сурхайида йикIарай ГIабдуразакъилазул гIаданги. Гьебги гьел Къедисаги гьечIин, гьединлъидал чIаго хутIизеги бегьулин хьулалда. Гьеб сабаблъун ГIабдуразакъилазул гIадан рекъайги лъугьун йикIун йиго. Сасикье тIад юссун хадуй гьей Хъвайние росасе ун йиго. Гьей гIаданалъул яс йикIараб хIисаб буго ЦIумада вукIарав нижехъа ИманшапигIил кIудияй эбел.

НУРИЧУЛАЛ

Бихьиназда цIар чIвазе къоролзаби риччалеб гIадлу бугеб заманалъ, гьединай цо нижехъалъе букIун буго «Росасе а. Ине бокьарасул цIар абе», - абун рокъоб гIакъуба кьолеб. Инсул рокъойго чIаниги жиндий къварилъи гьечIин, росасеги дун инарин йикIарай гьелда ракI бухIарай цо гьалмагъалъ малъун буго, Къеди вугин цо жиндир чIужуги гьечIев, Нуричу абун чи, дуца абейин гьесие гурого мун инарин. Гьев Нуричу херав чи вугин, гьединлъидал, гIолохъанчIужу мун гьесги ячинарин, гьедин гьезул хабарги тIагIилин. Гьалмагъалъ малъараб гьабурай гьалъул бетIергьабаз Къедибе Нуричухъе хабар битIун буго пуланай гIаданалъе бокьун бугин дуе ячIине абун. Жиндирго хъизан-лъималги тIуран хIалхьиялда вукIарав, руччабазул хIиллабазулги жиндие махIниги ургъел гьечIев Нуричуца вачIун Сасикьегун вохун холаго гьей ячун йиго, инарин абизе гьей гъарималдаги кIун гьечIо. Къедий йигеб заманалъ Нуричуе гьелъ васги ясги - кIиго лъималги гьарун руго. НекIого херав вукIарав Нуричу кватIичIого хун вуго, рачун гьесул лъималгун гьейги Сасикье тIад юссун йиго. Гьел лъималазул лъугьарал руго жакъа Сасикь ругел Нуричулал.

Сасикьа АхIмаднабил СайгидахIмад:

- Нижехъа МагIазил Шарапудиница дида бицун букIана цохIо Къедиса Сурхай гурони нуцабазул чи нилъер бакIалда вукIинчIин. Сасикьги Къедирги жал нуцабазул ругин абулел гIадамазул гIемерисел чагIи гьев Сурхайилги гьесул умумузулги боцIуда рукIарал гIадамал ругин. Сасикь ругел БацIилал абулел чагIи рукIуна жалги нуцабазул ругин бицунел. ХIакъикъаталда Къедирги Гьакъорги гурони, нуцаби рукIун гьечIо, Силдир гьел рукIанинги рагIичIо. Къедир рукIаразул букIараб хIисаб буго Гьиндуха мегIерги. Магъалоги бакIарулеб букIун буго гьез киналго сверухъ ругел росабалъа гуребги, доре Гуржиялъе щвезегIан ругелгицин ракьаздаса. Сасикьа Хатил МухIамадил[92] ракьал гIемер рукIиналъе, дир хIисабалда, гIиллалъун букIине бегьула гьесул наиблъи. Къеди магъилъги гьесул гIезегIанго ракьал руго. Къедиса Сурхай чIван хадуб Хатил МухIамадица кIиабилей чIужулъун ячун йикIун йиго гьесул яс Пари. Гьелъ МухIамадие гьавурав вуго Къедиса Сахрол кIудияв эмен НурмухIамад.
..........................................................

[92] «Гьев МухIамад Шамилица Ункъракьалъул наиблъун тана Къедиса нуцаби чIвараб 1844 соналдаса хадув». М. Гусейнов. «Союз сельских общин Ункратля».

Гъодобериса ХIамдула:

- Цо заманалъ къедисел ругеб мухъалда тIад гIурусаз тарав наиблъун вукIана дир инсул рукъалъул гIагарав чи Идрис наиб. Гъодобери чIезе гьев вачIун вукIун вуго Муноса. Гьев Идрис наибасул яц Батул йикIана КIкIаратIаса ХIадис наибасул чIужу. Кинали лъаларо, Къеди Насрудинилазулгун ва ГIалихъиличилазулгун нижер бугеб гIагарлъи гьев Идрисидаса буго.

Писирханил МухIамаднаби:

- Дида Хъазил МухIамадица бицун букIана, нижер вукIун вугин ЧIегIерав МухIамад абун, Исламалъул гIелмуги лъалев, хурдуздалъун гIадамазе дару-сабабги гьабулев чи. Кив жив вугониги гьел хурдул ракIарулев, гьезул гIадлу-низамалда тIад чIарав вукIиналъ, гьесда къедисез «ЧIахIи МухIамадин» абулаанин. КIалъа лелъул «М» хIарп рагIун абизе лъалеб гьечIолъиялъ, мучариялда «уча ри»-ян абулеб букIун, гьесда жеги «Учар» абураб цIарги рекIун буго. Гьев МухIамадил гьунаралдалъун баккараб иццги бугин ТIасияб гIан сикIкIалахъин бицана дида гьес. ХIисаб гьабураб мехалъ гьев вукIине ккола Хъазилазулги, нижерги, Дибирасулазулги, ХIайбулал МухIа мадилазулги анлъабилев эмен. ТIоцевесев – живго гьев МухIамад яги гьесул эмен ЧIегIерав МухIамадил вас ГIали, гьесул ГIиса, ГIисал ГIумар, ГIумарил Насрудин, Насрудинил Писирхан. Нижер тухумалдаги «Малалал» абула. ТIоцере рачIараб бакIги Къиялъ бугин, Писирханги Аларханги абурал цIаралги ингушазул ханзабазул ругин бицун букIана дида дир эбелалъул вацгIал, ЦIумада росулъ гIумру гьабун вукIарав Сасикьа ИманшапигIица.

Расулил Сайдархан:

- Кьохъа тIаде Хунзахъе рахунаго Харахьире щведал, гьеб росдадаса кваранаб рахъалда бугеб кIудияб жаниблъиялда рихьулел росабазул цоялдаса рачIарал ругин Бурашилазул чагIи Къедиреян абулаан дир инсуца.

Насрудинил Писирхан:

- Дир эмен Насрудинил эмен вукIана ГIумар, гьесул эмен ГIиса, ГIисал эмен ЧIегIерасул МухIамад[93]. Нижер чагIи руго Хъазилалги. Дир инсул вацгIал вукIана Хъазил МухIамад. Нижеда Малалалин абула. РачIараб бакIги, цояз Гъодобери, цогидаз Гьигьалъ бугин абула. Гъодоберир инсул вацгIалзаби рукIараблъиги лъала дида.
.....................................................

[93] ГIисал эмен вукIана ЧIегIерасул МухIамадил ГIали. (Перепись 1886 г.).

ГIалихъиличил МухIамадкамил:

- Нилъер росдал гIадамал рикьула чанго тухумалде. Гьездаса цоял ва бищунго гIемерал ккола «Малалал» абулеб тухум. РачIа раб бакIги гьезул гIемерисезул Къиялъа буго. Малалалин жидеда абулелщинал гIадамалги киналго Малалалги гуро рукIун ругел. Гьезул цо тайпа буго мухь кьун гьез гьоркьоре риччарал. Цоцазул рахъ кквезе, цояз-цоязде мугъчIвай гьабизе, чи гIемер вукIине ва гьелдалъун къуватги цIикIун букIине гIоло данделъулел рукIун руго цере гIадамал. Гьелъул мисалги буго чачаназул тейпалъул мисал. Руго нилъехъ хундерил Гьамушиса рачIарал чагIиги. ХIинцасул ва Пайзулал гIадамал ЦIелмесалдаса рачIарал ругинги абула. Руго нилъехъ «Уздензаби ян» жидеда абулеб тухумги[94]. Руго гьединго ТIехIнуцабиги. Гьел ккола нуцабазулгун ри гьнал гьарурал, гьез жидеда аскIоре риччарал гIадамал. «Ло лонисал» абунги руго цо чагIи. Рикъун яги мухь кьун росун рачIарал цо-цо бихьиналги руччабиги рукIун руго цере нилъер гьанир. Эбелалъ бицунаан жинда лъалеб заманалъги дир мина бугеб авалалда вукIанин Мамука абун цIар бугев херав гуржияв. Цо-цо иш тIад къазе къватIиве ахIарав гьес, рокъоса вахъине кватIун жинда рагъидал, халат бахъун абулаанин: «Лъуу-гIизегIан чIаа-ха, лее!» - ян. Гьединго нилъеца бицун букIана Шамилиеги гьесул муридзабазеги хъулухъалъе кьун йикIарай гуржияй Тамарал хIакъалъулъги. Жеги гьитIинай яс йикIадго Гуржиялъа йикъун ячIарай гьей, дир кIудияв инсулги инсул эмен, Шамилихъе унаго гьесул рагьдухъ чIварав Ханбулатгун цадахъ цо рокъой гIурай, гьесулгун гIел бащадай йикIун йиго. Гьедин рачIарал лъималги нилъехъ доб заманалъ чанго рукIун руго. Хасало квачараб бакI букIиналъ хундерил ханзабазги, гьездаса цереккун рукIаразги Къедире ва Акнаде тамихI гьабун ритIулел рукIун руго жидеда гIайиб ккарал цо-цо гIадамал. Цо биценалда рекъон гьедин рачIарал гьидалъезулги букIун буго нилъер гьаниб чанго хъизан. Нижер тухумалъул гIадамал рачIараб бакI буго Хунзахъ районалъул Байикь ва ЧIондокь росаби. РачIараб заманги кколеб буго тIоцебе нилъер мухъалда Ислам дин тIибитIизабизе Хунзахъаги, Гьидалъа ва Гъазигъумекисаги бусурбаби щвараб мех[95]. Гъоркь рукIарал гIадамазда динги босизабун, гьеб щула гьабизе ва гьел гIадамаз гьеб рехун течIого букIине гIоло балагьизе гьанир тарал чагIазул ругин нижин бицен батана дида нижер рокъоб. Дир инсул вац БатагIалида лъалаан Хунзахъ букIараб гIагарлъи. Гьенир ругел ва Къедире рачIарал цересел нижер умумул цоцаде гъоркье-тIадеги гIемер щолел рукIун руго. Шамилил наибзабазги гьездаса хадур балшевикIазги гьел росабазул гIадамазе кIудияб къварилъи гьабун буго, чIван ва жанир тIамун анцI-анцI сахав чиги тIагIинавун вуго.
....................................................

[94] Гьел гIадамал Бурашилал ругин бицун букIана МухIамадкамилица. Бурашилаз жал нуцабазул кколин абула.
[95] ГIага-шагарго 14-15 гIасру.

ГЕХА - ИНХВАЧ

Нилъер мунагьал чураяв Гехал тIокIцIар букIана «Инхвач» абун. Доб Совет хIукумат бугеб, цо-цо росабазул колхозазул гIи риидал нилъер мугIрузде бачIунеб заманалъ, хундерил цо росдалги букIун буго нилъехъ гьедин бачIараб гIиги гIухьбиги. Цо иш сабаблъун дагIбагъулел гьел гIухьбиги нилъер гIадамалги ругеб бакIалде тIаде щварав Геха вихха-хочун хундерида вагъизе лъугьун вуго. Гьесдаги балагьун гьезул цояс цадахъ ругезда абун буго: «Балагье, балагье, нилъер Инхвачилав гьанивги вукIун вуго!» - ян. Чанго соналъ цебе дица нилъер магIарул казияталда гьев хундерил Инхвачиласул хIакъалъулъ макъала цIалун букIана. Гьениб гьесул суратги букIана. Босун гьелда аскIоб Гехал сурат лъурабани гьев кIиявго ватIа вахъизе лъазе вукIинчIо. Гьедин релълъарав вукIана гьев Инхвач нилъер Гехада. Гьелъги бицунеб буго Гехал умумузулги рачIараб бакI Хунзахъ букIараблъи. Гьелдаго релълъараб иш ккана дунги нилъер Сабигулал Бадрудинги доб нилъерги сасикьезуги ракьалъул дагIба бугеб соналъ Хунзахъа тарихчи ГIалибегихъе щведал. Гьесул рокъор къеда ран рукIарал суратазухъги балагьун, Бадрудиница циндаго абуна: «Балагье, МухIамадкамил, дур эмен вихьизе», - ян. ХIуригат бахъилелдего рукIарал кIудиял чагIазул суратазда гьоркьоб бугоан, лълъел кIиго къатIра цояб цоялда гIадин, дир инсуда жив релълъарав чиясул сурат.

Хунзахъ-Сивухъа Хъайтмаз:

- 18 гIасруялъул байбихьуда аваразул ханлъун вукIана хундерил нуцабазул лъабго вацасда гьоркьоса цояв – МухIамаднуцал. МухIамаднуцалил васал рукIинчIо, гьесул вац Булачнуцалил вукIана цо вас – ГIумахан, цогидав вац ТIурарасул вукIана лъабго вас – Гьанкалав, МухIамадбег ва Чупан (Чупалав). 1727 соналъ хан МухIамаднуцалица аваразул ханлъун лъазавуна Булачнуцалил вас ГIумахан. Гьелда рази рукIинчIо ТIурарасул васал. Гьелъие гIиллалъун гьез бачунеб букIана ункъавго вацгIаласда гьоркьоса ТIурарасул Гьанкалав бищунго гIумруялъе кIудияв вукIин ва гьединлъидал гьев мустахIикъав вукIин ханлъиялъул тахида чIезе. МухIамаднуцалица ГIумахан тIаса вищиялъе гIилла букIана гьесул рагъуе бугеб гьунар, ва гьесие гьев жиндирго вас гIадин вокьулаан. 1729 соналъ МухIамаднуцал хвана. Гьев хун хадуб, ГIумаханил ханлъиялда дагIба бугел ТIурарасул васазул гьесдехун кьал цIикIкIана ва гIемер кватIичIого гьевги ханлъиялдаса хъуштIизавун, гьенив Гьанкалав щула гьавуна. ГIумаханица ахIи бан, гьесул рахъ кквезе Хунзахъе ракIарана бакI-бакIалдаса гIадамал: багвалал, чIчIамалал, тIиндал, ункъракьалъулал ва гьездаго цалахъ Къедиса гIагарлъиги. ДагIба цо хъизаналда жаниб букIиналъ рагьун рагъ лъицаниги лъазабичIо, амма гьоркьоблъи цIакъ хIалуцун букIана. 1730 соналъ жидерго лагъзадерил балугълъарал лъимал рикьа-къотIизе абун КIахъ данделъана лъабавго вацги, жиндие кколеб бутIа босизе вачIарав ГIумаханги. Гьеб бакIалда гьезул нукарзабазда, чукъбузда гьоркьоб дагIба ккана ва гьеб дагIба ярагъ бахъараб рагъалде сверана. Гьеб рагъулъ лъукъана ГIумаханги, Гьанкалавги, МухIамадбегги. Щварал ругъназдасан ГIумахан сахлъана, амма Гьанкалавги МухIамадбегги хвана. Гьедин эркенлъараб ханасул тахиде цIидасан ГIумаханги вахана. Гьеб ханлъигун цадахъ кIиявго вацгIал хвеялъул гIайибги жиндие щварав гьес боцIцIи бикьун, ракьал кьун гIагарлъиялда жаниб рекъел-маслихIат гьабуна, амма вацгIал Чупаницаги, Гьанкаласул вас АмирхIамзацаги гьелдаса инкар гьабуна, жидеца вацазулги инсулги би бичуларин абун. Гьеб хIалалда Хунзахъ хутIани жегиги биял гIодоре тIеялде рачине бегьулин абун, гIагарлъиялъ гьара-гьикъун гьел мукIур гьаруна гьениса нахъе гочизе. Гьелъие гьез тIаса бищана Къеди росу. Жидер гIагарлъиги, ракьги, сверухъ ругел халкъаздаса бакIарулеб магъалоги бугеб бакI бугин гьеб абун. Гьеб ракьалдаса бакIарараб магъалоялъул Хунзахъе бачIунеб букIараб бутIаги гьенибго гьезие тезе къотIи гьабуна. Гьедин, 1730 соналъ жиндир кIияйго яц СунтIазадайгун ва Ханзадайгун АмирхIамзаги, цадахъ гьесул имгIал Чупанги Къедире ана ва гIумру гьабун гьенир чIана. Баянаб жо буго гьей кIияйго яц АмирхIамзацаги Чупаницаги Алдамил чагIазе гурони цоги бакIалда кьечIеблъиги. АмирхIамзацаги гьезулго гIадан ячун ятилаха. Жидеда ращадазулгун гурони ригьин гьабулареб къагIидалъидал гьел гIадамазул цебе букIараб. 19 гIасруялъул байбихьуда Хунзахъа Чупанил Хъарагишицаги кьун йикIун йиго Къедие яс. Гьединго Къедиса Хунзахъеги, Къедиса Сивухъеги[96] рачунел рукIун руго ясал. Гьедин ригьнал гьариялъги, гIагарлъи гьудуллъи букIиналъги бижараб батила, Хунзахъ аби буго «Къадалъаги нах баккулеб Къеди» абун. Айтберов Тимургун Къедире щведал, нижеда гьениб хабалалъ гьей Ханзадалги СунтIазадалги занал ратана. ЦIакъ гъира букIана Тимурил[97] Къедиве щвезе. Тарихалда цIакъго цIар рагIараб бакI бугин, гьединлъидал гьениб гIемерал хIужаби, баянал, хъвай-хъвагIаял ратизе кколин абун цоцалъ кверал лъулъалев, яхI хун вукIана гьев. Амма гьеб жо гьениб батичIеб мехалъ хIикмалъизеги хIикмалъана. Балагьун хIисаб гьабидал бихьулеб буго Къеди хабал чанго нухалъ ччукIун рукIин. Гьедин тIаде бачIараб ракьалъ рахчун рукIине ккола басриял хабалал. Гуреб ани, шаклъи гьечIеб жо буго гьенир 400-500 сон баралги занал ратизе рукIараблъи.
......................................................

[96] «Абба-бика (1776 – 1873) – дочь Амирхамзы, сына Анкалава (уб. 1730 г.). Анкалав, судя по устной традиции, получил в удел Сиух и окрестные земли. Дочь его сына Амирхамзы – Абба-бика стала женой нуцала Гебека (1801-1802 гг.), который добился того, чтобы былые владения дедушки ее жены – Сиух и окрестные земли были закреплены за ним. Абба-бика упоминается также как ЧIуркъ и «Шаху-бике». После убийства имама Хамзата, в сентябре 1834 г. она вернулась в Хунзах вместе с внуком Патаали». Шахбан Хапизов. Ункратлинские нуцалчи.
[97] Тимур МухIамадович Айтберов. Кавказалдаго жив лъикI лъалев тарихчи ва мацIазул гIалимчи. 

АМИРХIАМЗАЛАЛ
 
ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Дир эбел Сакинатица гIемер бицунаан жиндир кIудияв эмен АмирхIамзае ретIел-хьитгун, сайгъат-саламгун Хунзахъ мухъалъул Сивухъ росулъа рачIунел рукIарал гIагарал чагIазул хIакъалъулъ. Гьел гьесул вацгIалзаби рукIанинги абулаан. Гьелъ гьезул цIаралги рицунаан, амма дида гьел кIочон тана. Гьединго сайгъат-саламгун гьев живгоги унев вукIун вуго Сивухъе. КIиго гIолохъанчи - гьезул лъимал, ниж Веденор ругеб заманалъги рачIун рукIана нижехъе гьоболлъухъе[98]. Шамилил заманалъ Сурхайица рачун Къиялъ рукIадго ГъазимухIамадие гьавула АмирхIамза (1846с.-авт.). КIудияв гIедал гьес чIужулъун ячуна къиялай. Гьезие гьавурав васасда цIар лъола Сурхай абун. Гьев ккола немцазулгун букIараб рагъда тIагIарав Аслаханилги, дир эбел Сакинатилги, Ханзадай ва ПатIиматилги эмен. Гьединго ГъазимухIамадил ХIадисиеги ячун йикIуна къиялай Тату, дир кIудияв Муса эмен ИсмагIилилги, Мусал ва МухIамадилги эбел. КIудияв ГъазимухIамадицаги гьесул вац АмирхIамзацаги дунялалда бала 100 соналдасаги цIикIун заман. ГьедигIанго Гъа- зимухIамадил вас АмирхIамзацаги бала. ХIадисилги хвелалде нусгоялдасаги цIикIун сон букIуна. КIудияв ГъазимухIмадица жиндир яс кьун йикIуна гьанжего гьанже исламалъул гIелмуги цIалун Къедиве гIумру гьабизе вачIарав ГIавухъа чиясе. Жиндир васал АмирхIамзае ва ХIадисие кьуралда бащад гьабун ракьги кьола гьес гьелъие. Гьев ГIавухъасул наслу Къедиб лъала СагIидил МухIамадханилал абун. КIудияв АмирхIамзал (ГъазимухIамадил вацасул – авт.) вукIун вуго МухIамад абун вас. Гьев ккола КIванкьада бугеб дир гIагарлъиялъул эмен. Щай гьел росулъа нахъе арал дида лъаларо. Гьев МухIамадил наслуялъул АхIмадхан ва Дурдин абун кIиго васги Баху абун ясги рукIана. Нилъер гIадамал Веденоре гочунелъул гьелги рукIана гочун гьенире рачIун. АхIмадхан вукIана Веденов ишкIулалъул мугIалим, гьес диеги кьуна дарсал. «Хадув цIакъ рекIекълъизе вуго, мун цIале, АмирхIамза!» - ян гIемер абулаан гьес дида. Гьев Дурдин вукIанин абизе бегьула Дагъистаналдаго тIоцеве вахъарав летчикги. Веденосаги гьел, гочун, Хасавюрт районалъул Октябирское росулъе ана. Гьев АмирхIамзалги ХIадисилги вацгIал вукIун вуго Хъиличил эмен Алдам. Хелекь колода гъоркь бугеб ракьги букIун буго АмирхIамзаеги Алдамиеги бащад гьабун кьураб. Цо заманалдаса жиндирго бакI Алдамица вацгIаласе бичун буго гIака бечеялъухъ. АмирхIамзаца, хисулеб гIакдал бечеги жиндиего тун, гьесие цоги бече кьун букIун буго. Гьеб лъарав Алдамица абун буго: «Бече хисарав мун, куса, мун бечед гьавурав дун, куса», - ян. Гьел рагIабаздаса нилъеда бичIчIула гьев кIиявго куса[99] вукIараблъиги. 1970-80 соназ ГIалихъиличил Алжанатги ячун Къедив чIун вукIана Гьакъоса Гьидалъев абун чи. Гьакъоб бугеб дир гIагарлъиялъул вукIана гьев ва гIемер дихъеги вачIунаан. Гьел ккола Гьакъоса Сурхайил МухIамадил гIадамал, гьедин бицунеб батана дида нижер рокъоб. Силдиса Хъази вукIана цо заманалъ Игъадахъ магIарда гIияда. Беццлъиялъги херлъиялъги гъоркь хутIун анцIгоялдасаги цIикIкIун соналъ бусада йикIарай Ханзадай ункъачое сайгъат саламгун гIемер вачIунаан гьев ва гьес абулаан: «Къедий цого-цо хутIарай гIагарай гIадан йиго дир гьай», - ан. Гьединго Къиялъги буго дир гIагарлъи. МагIарул мацI лъалеб гьечIониги, жакъаги гьез жал Къедиса ругин абула. Дир эбел-эмен гIолохъанаб мехалъ гьел Къедиса ГьагIмадиги гьениса Къедиги цо цаде тIаде-гъоркье щолел, цоял-цоязе хириял, рохел-къварилъиялъе гурелги, хур-хералъе кумек гьабизегицин пуруц-рукьгун, оцал чуялгун цоцахъе унел рукIун руго. Инсуца бицунаан, рогьалилъ росулъа вагъарарав жив, ункъачо радалил квен гьабун яхъиналде лъелго ГьагIмадиве щолаанила. Гьелда хIикмалъарай гьелъ чанги: «Мун нолъ къватIивищ, дир вас, вукIарав?», - абунги цIехолаанила. Дир кIудияв эмен ИсмагIилил Къиялъ рукIарал ва цгIалзабазул цояс чиги чIван, гьевги ГъазимухIамад АмирхIамза гьесул анлъго вац ги рукIун руго, ГьагIмадиве хадувги ун, гьес рачун Къедире рачIун. Гьев анкьгоги ва гьелгун цадахъ ХIадисил лъабавгоги - анцIго гIолохъанчи рокъоса къватIи ре рахъунелъул Татуца гьел цо-цоккун гурони риччалароанила: «Воре, воре, дир лъимал, нужеда бер уна», - ян абулаго. Хадуб, дол чи чIварал гIадамазулгун рекъел гьабидал, гьел тIад руссун ун руго. Эбелалъ бицунаан жал гьитIинаб мехалъ жиндир кIудияв эмен АмирхIамзал вац ХIадис вукIанин нусилъе сонал рахарав чи. Жидеца гьесие махсаро гьабулаанин: «Мун кида холев, кIуда да?» - ян. Гьебги рихун тIубараб анкьалъги жалгун кIалъаларого вукIунаанин гьев. Херав вугониги, цIакъ ракI цIодорав, сахлъи щу лияв, берзул канлъи камилав чи вукIун вуго ХIадис. Цо нухалъ мадугьал ГIаммагун гьесул рагъида хабар-кIалалда рукIадго, ГIаммаца абун буго жиндир чIегIераб лемаг бачIун гьечIин, кибе ккарабги лъаларин. ХIикмалъизе гьевги гьавун ХIадисица гьесда гьеб бихьизабун буго Гьакъобе унеб гIансикIкIалахъ цо ччукIала базул ракьанда. Эбелалъ жеги бицунаан, кIудияв эмен АмирхIамзалги ХIадисилги би дару-сабабалъе босизе дора-гьаниса гIадамалги рачIунаанила жидехъе.
.........................................................

[98] ИбнухIажарил Халилицаги бицун букIана гьел гIадамал жиндаги рихьанин.
[99] Куса – магжил рас бижуларев чи.

Цо-цо баянал:

- Къедиса ИсугIил (ИсмагIилил) Ибрагьимил инсул вац вукIана Къебедин цIар бугев. Гьезул чи нахъе хутIичIо. Гьелги рукIине рес буго АмирхIамзалазул инсул рукъалъул чагIи.
- КIванкьада вукIана ГIалихъилич абун цо чи. Кинаб рахъалдаса букIараб лъаларо, гьесулгун гIагарлъи букIана нилъер КIушкIандилазул.

ХIадисил Мусал ГIабасил Марям:

- Къедир гIемераб гIи-боцIиги букIанин ракьалги ругин жиндир умумузулин бицунаан нижеда инсуца. Гьел Хунзахъа рачIарал нуцабазул чагIи рукIанинги абулаан. ХуштIадаса руччабазулгун дагIба-къец ккедал, жиндирго мегIералда килищги кIутIун, ПатIина ункъачоцаги абулаан: «Дун Къедиса нуцабазул яс йикIин лъай нужеда!» - ян. Гьединго абулаан Пашацаги ХIалиматицаги. Гьел Кокрекалде ккеялъе гIиллаги букIун буго жидерго гIи боцIигун цадахъ рачIун гьеб ракьги босун гьенир чIей. Цере сухIмат-кепгун цо-цо артисталги щолаан нижер гьанире. Гьедин щварай цо Хунзахъа гIадан эменги цIехон нижехъеги ячIун йикIана. Инсуца абуна гьей жиндир гIагарлъиялъул гIадан йигин. Росуги бицун букIана, дида кIочон тана. Амма ракIалда руго ТIануси росулъа гIадамал. Гьел нижехъе гIемер рачIунаан ва инсуе цIакъ хириялги рукIана.

АЛДАМИЛАЛ

Нуцалханил ХIасбула:

- Нижер рокъоб батараб биценалда рекъон, тIоцеве Къедиве вачIарав хундерил ханзабазул чи вуго Сурхайхан. Гьесул вукIун вуго ГIумаханин абун цIар бугев вас, цинги гьев ГIумахание гьавун вуго Иландулахан, гьесие – Алдамхан, Алдамхание – Хъилич, гьев Хъиличил вас ГIумаханил ккола дир эмен Нуцалхан[100]. Умумулъа тIадего жидеда нуцабазулин аби батарал, жакъа Къедир ругел чагIи ккола Сурхайханасул тухумулъул гIадамал, АмирхIамзалал (ХIадисилал) ва ГIумаханилал. Гьединго ГIалисултIанилал ва ИмангIалилал. ЩагIманилалги ругин бицен буго. Цоги дида лъалел чагIи гьезул гьечIо.
[100] Убайдула сын Алдама (ум. 1833 г.) (?).
Вероятно, он упоминается в качестве некоего «Алдамишвили», под руководством которого ункратлинцы и кистинцы, жившие в верховьях Терека, в начале июля 1827 года предприняли нападение на Тушети через «селения перикительского общества», т.е. со стороны верховий Шаро-Аргуна. В другом источнике говорится, что в событиях 1827 г. участвовали «дети» «белада Алдама», которые руководили отрядом в 900 человек. В 1831 г. к администрации наместничества на Кавказе пришло обращение «ункратльского старшины Ибайдулы Алдамишвили, который предлагал нам подданство семи состоявших в его ведении, и кроме того десяти кистинских деревень, в числе 2500 дымов, если только ему будет производима ежегодная пенсия в 400 р. серебром. Этот человек был для нас необходим, так как Ункратль, и в нем в особенности аул Хушети, были самыми безопасными сборными пунктами для дагестанцев, служили прямым путем в Кахетию и соприкасались с Тушетиею, деревни которой Дикло, Шенако и Агеурт, в отвращение разорения их ункратльцами, платили подать Ибайдуле деньгами и баранами». В другом источнике сообщается, что «селение Артаны известно по истреблению жителями его в 1833-м году значительного дагестанского скопища, под предводительством Алдамишвили, убитого в этом деле». Исходя из этих двух сообщений, мы можем предположить, что Убайдула был старшим сыном Алдама и погиб в 1833 г., после него уже упоминаются Амирхамза и Малачи «Алдамишвили». Шахбан Хапизов. Ункратлинские нуцалчи.

МухIамадил Къурбандибир:

- Панкисиялдаса дир кIудияв инсуца ячун ячIарай къиялай - дир кIудияй эбел йикIун йиго машинаялъ ретIел букъизе махшел бугей гIадан. ХIадис гIимачица бицунаан, инсуца ячун ячIунаго цадахъ бачIараб букъарулеб машинаги хIалтIизабун гьелъ Къеди росдал гIадамазе ретIелги букъулаанин. Гьев ХIадисица ячарай чIужуги къиялай йикIана ва гьабсагIаталъги гьеб мухъалда нижер гIезегIанго гIагарлъиги буго. Жалго дир умумулги хьитал рукъулел ва гьел росун батIи-батIиял бакIазде даран-базаралъе хьвадулел гIадамал рукIун руго. Туплисалда ва Закаталаялда хьитал рукъулеб рукъги букIун буго кIудияв инсул ва гьесул вац Чанкурил. Гьев Чанкур Закаталаялда хун вуго ва вукъунги гьенивго вуго. Дида гIемер рагIана дир инсуца жив наибасул вас вугин абулеб. Кинав эмен лъаларо, амма НикIалай пачаясул хIукуматалда цо нижер чи хIалтIулев вукIараб хIисаб буго.
 

ИбнухIажарил Халил:

- ГьитIинго бесдал хутIарав дие эменлъиги эбеллъиги гьабуна ИсмагIилил ГъазимухIамадицаги гьесул чIужу Сурхайил Сакинатицаги. Цо тухумалъул гьечIониги, ниж гIемер цоцаде гъоркье тIаде щолел, цоцалъ ракIал журарал рукIана. РакIалда буго, 1936 соналъ ГъазимухIамадги Сакинатги, жидерго лъабалго лъималгун цадахъ, гIияда хасел бахъизабизе Кокрекалде рачIун рукIана. Яс Хамисат кинида йикIана, АмирхIамза гьитIинав, вилълъанхъизе байбихьарав чи вукIана, ИсмагIил – саламатав вас вукIана. Гьениб гьелгун цадахъ хасел бана дица. Нилъер росулъ буго ункъго тухум:
Нуцаби,
Гьамщал,
Малалал,
Къуял.
Дун вуго Къуязул. Гьел киналго тухумазул рачIараб бакIги Хунзахъ буго. Гьадаб ГIалихъиличил МухIамадкамилица мина бараб бакIалдаса эхеде ГIабдухабирил рукъалъухъе щвезегIан ругел минаби-авал Гьамщадерил буго. Цогидал тухумазда данде ккун гьел кидаго гIемер рукIанин биценги буго. ТIоцере нилъехъе рачIарал ва росдае кьучI лъурал чагIазулги букIана цо бицен, амма дида гьеб кIочон тун буго. Гьел гуржиял рукIанин цо-цо гIадамаз бицунеб хабарги битIараб гьечIо. КIиабилел рачIарал рукIун руго гьидалъел. Гьелги цо заманалъ борохь гIемерлъун, гьелъ течIого нахъе ине ккун руго. Лъабабилел рачIарал руго нилъер чагIи: Нуцаби, Гьамщал, Къуял, Малалал. Нилъер мадугьалзаби сасикьел рачIараб бакIги Хелекьури бугин абула. Гьенир цо чагIи Ангъидасаги руго. Руго гьединго Гьадириса ва Гъодобериса рачIарал гIадамалги. Цо тайпа гьениб нилъеразулги буго. Нилъер гIадамал гIемерисел Хунзахъа рачIарал рукIин чIезабулеб цо гьадинаб мисалги буго дида лъалеб. Дов мунагьал чураяв ГIабдумаликил эбел Ханзадалъги АмирхIамзал эбел Сакинатицаги бицунаан, хундерил цо росулъа (Сивухъа –авт.) жидер кIудияв эмен АмирхIамзае ретIел-хьитгун рачIунаанин гьесул вацгIалзаби ругин абун цо гIадамал. Гьев живгоги чанго нухалъ ун вукIанин гьеб гIагарлъиялъухъе щвезе. Гьезул ругин абун кIиго гIолохъанчи дидаги вихьана, нилъер гIадамал Веденор ругеб заманалъ Сакинатихъеги ГъазимухIамадихъеги щвезе рачIарал. Цоги мисал: Гьеб заманалъ НурмухIамадил эмен ХIинцав вукIун вуго жеги чIужу ячинчIев гIолохъанчи. Нилъер магIарде гIигун рачIарал ЦIелмесалдаса гIухьбузда цадахъ жидер гIагарал чагIиги ратун, гьев гьезие кумек гьабун гIи къотIун Хунзахъе ун вуго. Гьениве щведал, гIагарлъи тIагIинчIого букIине абун, гьел чагIаз гьесие чIужулъун кьун йиго СунтIазадай абурай жидер яс, гьадай нилъер Завурбегида йигей СунтIазадада (Хвана 2014с.- авт.) жиндир цIар лъурай. ХIинцавги ячун гьейгун росулъе вачIун вуго.

КIУШКIАНДИЛАЛ[101]

ГIащикъилазул МухIамад:

- Дир тухумалда жаниб бугеб биценалда рекъон Къеди бакI ккун гьаб ракьалда тIоцере рукIарал гIадамал руго нижер. Цогидал киналго тухумалги, тухум гьечIел гIадамалги, гьезул жидерго абиялда рекъон, тIаде рачIарал руго. Нижер чагIазул тIоцересел цIарал руго ХважакI, Анлъич, КIушкIанд, ГIашикъ. Гьел гIадамалги ва гьезул гьединал цIаралги кисан рачIарал дида лъа ларо, амма лъала ХважакI абураб цIар «хважаин» абураб рагIиялдаса лъугьараб букIин. Нуцабазул гIадамал рачIун, гьез гьаниб жидер тIалъи гьабизе цебеккун, гьел чагIи гьаб ракьалда тIад хважаинза билъун рукIараблъи баянаб гьечIониги, жинда тIад чIей гьабизе гIураб хIужа буго. Гьединго, цо-цо би ценалда рекъон, гьеб заманалъ гьел гIадамал рукIун руго жидер рагIи билълъарал, гьел нуцабазгицин жидеда мугъчIвай гьабулел ва Гуржиялъе чабхъ ад унеб бодуе жидеца бетIерлъиги гьабулел. Нуцаби чабхъад унаго кумекалъе цадахъги рачунаанила гьел, амма жалго унелъул гьез ца дахъ чи вачунароанила, гIадамал гIурал рукIун, цогидазул кумекалда хIажалъи гьечIел рукIун. Гьев ХважакIил наслабазул нахъе ругел гIадамал руго ниж ГIа щикъилал, Анлъичил ГIабдухабирилал, КIушкIандил ГIалил Исрапилал, Дибирасул МухIамадилал, Халитилал, Шаваялда ругел Сагитасулал, ИманмухIамадилал, ХважакIил Юсупилал, КIушкIандил ИсмагIилил Якъубилал. Гьединго нижер руго Тун жилалин жидеда абулел гIадамалги. Гьев Тунжил вукIун вуго МухIа мадги ГIисаги абун кIиго вас. МухIамад, 20 абилеб гIасруялъул бай бихьуда турказулгун эрмениязул букIараб рагъде ун, гьенив чIван вуго. ГIисал лъимал нахъе руго. Гьесда Бариянил ГIисаянги абула. Нижер гIагарал чагIи руго Къиялъги. Гьений хварай цо гIа даналъе мусру инсул рукъалъул чагIаз гьабизе кколинги абун, гьеб босизе гIадамал рачIун рукIанин нижехъейин бицунаан дир инсуца. Цоги, инсуца бицана, цо гьалмагъгун Къиялъе унев жинда нухда ца дахъ кканин чуял рекIарал къиялал. Киса – щал ругел бицен-киц и гьабидал цо гIолохъанчи чодаса гъоркье кIанцIанин ва, хIалги гьабун живги чоде вахинавун, жинцаго квелъги ккун, чу росулъе щвезегIан хадуб цIанин. Гьеб щайдаян цIех-рех гьабидал лъан буго инсуда гьев чи дол гIагарал чагIазул дурц вукIараблъи. Нижер гурелги гьенир нилъер росдал цоги-цогиги гIадамал рукIун руго, гьеб ракь кквезе, гIорхъа би цIунизе ритIарал. Заманалдаса гьел къиялаздеги сверун руго. КIушкIандилазул тIоцевесев эмен Къедив рештIаралдаса нахъе, цо биценалда рекъон, гIага-шагарго 500 600 сон ун буго. Лъабго вац вачIун вуго Ункъракьалде ва гьезул цояв Къедивги чIун, кIигояв Гьакъове ун вуго. Гьениб гьез жидедаго гьоркьоб бикьун буго ракь: цоясе - росдал гъоркьияб рахъги гIалахги, цогидасе – тIасияб рахъги мугIрулги. Гьеб тIасияб рахъ жиндие щварав чанахъан вукIун вуго, гьединлъидал букIун буго гьеб гьесие кьурабги. Гьеб заманалъ гьаб нилъер мухъалда Къедиги Гьакъоги гурони гIадамал чIараб бакIги букIун гьечIо. Гьеб биценалда рекъон жал нижер гIагарал чагIи ругоян абулел гIадамал Гьакъор жакъаги руго. МухIамадханилалин абула гьезда. Къеди кIушкIандилазул къедцоял мадугьалзаби АмирхIамзалал руго жал тIаде рачIарал ва гьоркьор ригьнал гьарун, цоцазе кумекги мугъчIвайги букIине гIоло гIагарлъи лъазабурал гIадамал. Гьединго къватIисан рачIун тухумалде жанире риччарал рукIун руго Чимчарал ва Гъазиясул МухIамадил чагIиги.

[101] «КIушкIанд» абун цIар бугеб хIор буго Якутиялда, гьединго Узбекистаналдаги буго гьеб цIар бугеб цо росу. Гьоркьохъеб Азиялда гьеб цIар бугел гIадамалги гIемер рукIуна.

ЩАГIБАНИЛАЛ

ГIалихъиличил МухIамадкамил:

- Шамилил муридзабаз Къедиб гьабураб чIвай-хъвеялда гьоркьоса лъутунги йорчIун, Гъодоберие уна нуцабазул цоясул гьитIинав васгун гIолохъанай чIужу. Цо заманалдаса гьей гьений росасеги уна. Байбихьуда гьелъ васасдаса балъго гьабула жив лъил ва киса кколев. КъватIахъ гIелбащадал лъималазулгун рагъ-кьал ккедал дандиязул цо-цо улбуз гьесда апарагин абула. Гьелъул магIна щиб бугеб бичIчIарав гьес эбел кинабго бицине тIамула ва гIолохъанчи гIедал гочун Къедиве вачIуна. Гьесда цIар букIун буго АмирхIамза. Гьев ккола ШагIбанилазул кIудияв эмен.
.................................................

БАЯН: Цо-цо баяназда рекъон, гьев АмирхIамзал эбел цадахъав вац вуго Ункъракьалда жив лъикI лъалев Гъодобериса Идрис наиб. Гьев Идрисил гIагарав чи вуго НикIалайил заманалъ Игъадахъ мегIер ккун жив вукIарав КIкIаратIаса ХIадис наиб.

ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:

- Суракъат хан вукIараб яги гьесдаса хадуб заманалъ хундерил ханзабазул васас чи чIван вуго. БукIараб гIадаталда рекъон, къисас босун чIвазе кколев вукIарав гьев вас гьез, чIванин хабарги биччан, Гьидалъе лъутизавун вуго. Гьеб заман букIун буго гьидалъел хунзгун лъикIаб гьоркьоблъиялда ругеб. Гьезул кIудиясги гьев вас вачун Къедиве щвезавун вуго. Гьев васасул лъугьарал гIадамал руго нилъер нуцабийин абулел чагIи. Цоги биценалда рекъон, цо заманалъ Къедиб ракь цо-цо такъсир ккарал гIадамал туснахъ гьарун ритIулеб бакIлъунги букIун буго. Гьедин бид виххун Хунзахъ районалъул ЛъагIилухъа вачIарав чиясдаса лъугьараб буго нижер тухум. Гьединго бид риххун Хунзахъа рачIарал гIадамазул буго «Гьамшал» абулеб тухумги. Нилъер Хъазиял абулел чагIи руго Чадириса рачIарал. Къиялъа рачIарал руго жидеда Сулиял абулел чагIи. Гьезда «Лолонисал» - ги абула, гьеб абиялъе гIиллаги гьел гIадамазул минаби цере лолал рукIараб бакIалда ран рукIин буго. Гьеб ккола гьанже нилъер школаги, дир МахIмудил ва Сабигулалазул, гьединго ХIинцалазул минаби ругеб сверухълъиги. Гьединго Къиялъа рачIарал руго Гъазиясул чагIиги[102]. Ганкьилал ва КIушкIандилал руго Асали росуги бан рукIарал гIадамал[103]. Къедиса нуцабазда рази гьечIолъи лъазабун, гьезул чи, кIудияв Арсланбег гочун вуго Сасикье. Гьесул лъугьарал руго Сасикьа ХанмирзахIажилал. Нилъер Рекъав ГIамирханида цIар лъурав ГIамирхан вукIун вуго Гуржиялъ давлаялде унев, гьениса гIи-боцIи хъамиялда тIад чIа рав чи. Цоги дида лъалеб бицен буго, ШамилгIисалазул щуго ваца сул цояс гьенив чабхъад араб бакIалдаса гьитIинай яс ячIун йикIанин.

[102] Цо бицен буго гьел Сасикьа Ангъал тухумалъул чагIи ругин.
[103] Гьанже бугеб бакIалда Къеди росу букIинчIеб заманалъ (?). (Авт).

Таймасханил Мирзахан:

 - Дир инсуца нижеда абулаан жив Къойилазул вугин. Инсуца жеги абулаан Къедир нилъ жидехъ рещтIине кколел гIадамал Гъазиясул МухIамадилал ругин.

 СУРХАЙИЛАЛ ВА ХЪАРАЛАЛ

 Сасикьа Хъараласул АхIмад:

 - Шамил имамасул вукIарав наиб Сасикьа Хатил МухIамадил кIудияв эмен Эзер Сасикь чIезе вачIун вуго Гьадириса. Гьебго заманалъ Сасикье рачIун рукIун руго ХIосенги, ХIасанги, Халилги абун лъабго вац – хелекьуриселги. Гьезул цояв - Халил Къедиве ун вуго ва гIумру гьабун гьенив чIун вуго. Хатил МухIамадица кIиабилей чIужулъун ячун йикIуна Къедиса Сурхайил яс Пари. Гьесул вукIун вуго щуго вас: Ибрагьим, Хъаралав, ХIамзат (ГIумар, ЯхIя[104]) ва Парица гьавурав НурмухIамад. Гьезул цояв - Хъараласул МухIамадил вуго дир эмен Хъаралав. Къедив чIезе арав НурмухIамадил руго Сахрул эмен Шаруханги, ХважакIил Юсупил эбел Париги, ТIиндиса ТупгIалида йикIарай ПатIиматги. Сасикь нижер хъизаналъухъги Къедир Шаруханил Сахрул хъизаналъухъги буго гьеб кIиябго росулъ Сурхайил рукIарал ракьазул цо бутIа. Гьев Сурхайил дандиял руго ХIадисилал (АмирхIамзалал). НурмухIамад хвараб мехалъ, дир кIудияв эмен Хъараласул МухIамадихъе вачIун вуго Шарухан, Къедиса Сабигулал эмен ХIайбулацайищ яги Хъазицайищ витIун вукIарав лъаларо, мунги инсул рукъалъул чи вугин, ирс босизе вачIайин абун. Гьедин ирсалъе щварал руго нижер Къедир ругел ракьал. Дир цогIаги инсуца гьел хIалтIизарун гьечIо. Сасикь ругел ракьал гIунги тIокIал рукIиналъ гьез гьел Къедир ругел мискинал, пакъирал гIадамазухъ толел рукIун руго, лъагIалида жанир цо къоялъ хIалтIизе рачIине къотIигун.
..........................................................

 [104] Сасикьа АхIмаднабил СайидахIмадица бицана.

ДАИТИЛАЛ

Сасикьа ИсрагIилил АхIмадил Салман:

- Дир умумузул анкьабилев эмен вукIун вуго Къедиса Алдам. Гьесул вас Ахъбулат, Ахъбулатил вас Малач, Малачил Ахъбулат, нахъеги Ахъбулатил Малач, Малачил Даитбег, Даитбегил ИсрагIил, ИсрагIилил АхIмад, АхIмадил вас дун – Салман. Къедиса ГIалихъиличилал гIагарал ругищ-гьечIищали дида лъаларо. Нуцалханилал гIагарал руго, тIаде-гъоркьеги щолел рукIана, инсул рукъалъулин биценги букIана.

Салманил эбел Аминат (90 сон):

- Къедиса ГIалихъиличилал дие эбелдахъа гIагарал руго. Къедиса ХIинцасул НурмухIамадги Пайзулаги - Салманил инсул рукъалъул гIагарал чагIи ккола. Гьев кIиясго «Мун нижерги нус ккола», - ян абулаан дида, тIаде-гъоркьеги гIемер рачIунаан. Дир росасеги гьел цIакъ хириял рукIана. МахIачхъалаялда гIумру гьабун ниж ругеб заманалъ нижер мадугьалихъ йикIана Ханзадай абун цIар бугей Хунзахъа цо кIудияй гIадан. Гьелъ Салманил инсуда бицун буго, херав чи вукIанин Къедиса ХIинцасул НурмухIамад, чодаги рекIун жидехъе вачIараб мехалъ. Къедиса нуцабазул рокъоса арав цо васасул гIадамал ругин хундерил цо росулъ, гьел жиндие гIагарал кколин ва живги гьезухъе унев вугин абун анила гьев. Хабар букIана Къедиса нуцаби чIвалеб мехалъ гьезул кIиго вас, хIамил тIенкелалда жанирги рахчун рачун, ругин Къедиса нахъейин. Гьезул цояв - Болъихъе, цогидав Хунзахъе щвезавун вугин.
Сасикьа Даитил рукIана ИсрагIил абун цо васги, Чакар абун цо ясги. Сасикь росасда йикIарай Къедиса Айзанат ИсрагIилие гIагарай йигин бицен букIинчIо. Сасикьа Даитбегги Гунашги - вацал руго. Къеди Даитилазул рукъ букIун буго росдада тIад гохIда. Гьездаса тIадегIан цоги лъилниги рукъги букIун гьечIо.

 Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIим:

- Сасикь аби батана дир умумул ругин Гьидерил ракьалда бугеб ТIидиб росулъа вачIарав Щайихилав абулев чиясул наслу. Гьев Щайихиласул эменги ГIумарил МухIамад вукIун вугин. Щайихилав жиндир ватIаналдаса къватIиве вахъине ккун вуго бид виххун, ай бидулаб тушманлъи ккун. Гьев жиндир хъизангун цадахъ мугIруздасан вачIун ТIинди росдада тIадехун бугеб Ангъида рещтIун вукIун вуго. Гьелда ангъалги разилъичIого гочизе ккун вуго Щайихилав Сасикье ва гьеб росулъе щвезе кIиго километр хутIараб гIадаб бакIалда цо танкеллъиялда рещтIун вуго ва, гьениб къайиги чIван, къебелъиялдалъун яшав гьабизеги байбихьун буго. Щайихиласул къебелъи букIараб гьеб бакIалда сасикьез жакъа «Къебелъул гохI» абула. Гьеб заман букIун буго Сасикь къебед гьечIеб, гьединлъидал гIадамал Щайихиласухъе Къебелъул гохIде хьвадизе ккун руго. Хадуб, цо заманалдасан гьеб чIалгIарал гьез Щайихилав росулъе виччан вуго ва гьесие мина базе бакIги кьун буго. Сасикь гьев Щайихиласул мина букIараб бакIалда «Ангъизал авал» абула. «Ангъидаса рачIарал гIадамазул авал» абураб магIна буго гьелъул. Къокъабго заманалда жаниб гьесул хъизан-агьлу гIемерлъун буго. МухIамадин цIар бугев гьесул цо васасул анцIила щуго лъимер букIун буго ва гьездаса анкьго васасул анкьго наслуги лъугьун буго. Гьединлъидалин сасикьдерил бащдалдаса цIикIкIараб жамагIат гьеб наслуялъул кколеб.

(Хадусеб: 3 бут1а. Нек1сияб тарих)


Рецензии