Къеди ва къедисел. 3 бутIа. НекIсияб тарих
НЕКIСИЯБ ТАРИХ[105]
Жиндирго тарих лъалареб халкъалъул букIинесеб гьечIо. (Платон).
Жибго Къеди росдал бугин абун тарих хъвазе данде кколаро тIубанго Ункъракьалъул тарих хъвачIого, щайгурелъул гьел цоцада рухьарал руго цо росу, цо ракь, цо халкъ гIадин. Абизе бегьула гьебгун цадахъ Къиял[106] мухъалъул тарихги хъвазе кколин. ЦохIо авар (бол) мацIалда гурого кIалъаларел ункъракьалъу лал рачIиналде гьеб ракь цо заманалъ Авар-ГIанди-Дидоян[107] жиде да абулел жамагIатазухъги букIанин буго цо-цо бакIалъулал хIаракат чагIазул пикру. Гьедин букIун батиларин тола нижеца, щайгурелъул, гьоркьохъел гIасрабазда бусурбабаз гьарурал иргадулал гъазаватазул яги гьелдасаги цебе Аваразул ханзабаз гьарурал рагъазул хIасилалда гьел ракьал гуржиязухъа (тушазухъа) рахъанин абун гIемерал биценал руго, тарихалда баяналги руго, амма, гьелъул гIаксалда, Авар-ГIанди- Дидоязухъа гьел ракьал хунзахъез, гьидалъез яги тIоцересел бусурбабаз рахъиялъул бицен яги хIужа жеги дандчIвачIо. Гьединал биценазул хIисаб гьабидал ракIалда ккола, кида рукIун ратаниги Туш[108] мухъалъул гIорхъаби, гIадат батараб къагIидаялъ ГIанди-гIурул тIаралъабазда бугеб гьанжесеб Туш мухъалъулги Ункъракьалъулги гIорхъабазда гурел, гIемерго эхерегIан, гьанжесеб Ункъракьалъулги ЧIамал мухъалъулги гIорхъабазда рукIун ратилин[109]. Гьел гIорхъабазда насраниязул чанго росу букIанин биценалги гьел росабазул хутIелалги жакъаги руго. Бусурбаби тIаде рачIиндал Ислам босизе бокьичIого гьезул гIемерисел нахъе ун ругинги буго[110]. Туш мухъалъул тарих азаргоялдасаги цIикIкIун соназул буго, Ункъракьалъул – чанго нусго сонил гурони гьечIо. Азарго соналъ цебеги Туш мухъ Авар ханзабазул кверщаликь букIанин буго. 800 соналъ цеве вукIарав гуржиязул тарихчи Леонти Мровелицаги хъвалеб буго цIакъго некIсияб заманалъ Тушал - лекIал[111] рукIанин, гьезулги Хунзазулги кьибил цого бугин. IV гIасруялъул байбихьуда йикIарай цо Нино абурай гIаданалъ на сранияб дин тIибитIизабизе байбихьараб мехалъ гуржиязул цо-цо къав мал лъутун Тушалъе ана ва гьедин жидеда гьоркьоб гуржиязул къадар цIикIкIиналъ тушал-лекIазги гуржи мацI босана. Гьел киналго хIужабиги данде рехун абизе бегьула, цо-цо заманаз гуржиязухъ букIанин бугониги, гьеб ракь гIемерисеб мехалъ авар ханзабазухъ букIанин, гьелда цIарги гIамм гьабун Туш яги МосокIи (МусукI) букIанин[112], ай жакъасеб Ункъракьги гьанже гуржиязухъ бугеб Туш мухъги цого ракь букIанин. Гьединго абизе бегьула Къиял[113] мухъалъулги хIакъалъулъ. Пал-хIасил, нижер хIисабалда, азаргоялдасаги цIикIкIун соназ цере, аваразул Сарир[114] пачалихъ бугеб заманалъго рештIарал руго аварал Ункъракьалда, ай Тушалъ. Гьединго рештIарал руго гьанжесеб Болъихъ районалда бугеб ТIехI-Нуцал[115] мухъалъул, жал авар мацIалда кIалъалел росабазул гIадамалги.
Пачалихъ гIатIидги щулаги гьабизелъун цогидал, загIипал халкъазухъа рахъарал ракьазде жидерго гIадамал ритIулеб сиясат букIана цебе ханзабазул. Гьедин рахъарал ракьазул гIорхъаби цIунизе ритIарал гIадамазул наслаби руго ункъракьалъулал. Буго цоги жинда тIад цереселги гьанжеселги цо-цо тарихчагIи рекъараб пикру, гьел гIадамал Сариралъул, ай аваразул ханзабаз гьенир рештIинарунин, ракь кквезе гурелги, гьеб ракьалдаса рукIарал, кинабго Кавказалъего жидер кIвар бугел цо-цо нухал[116] цIуни мурадалда. Дербенталдаса ва Самур гIурул мухъ ккун эхеде, - Гъумеки – ГIурада –КIкIаратIа – АнсалтIа ва РахатIа; - ГIурада – ТIинди – Къеди – Шарой - Итумхъала ва Гъалгъай;- Къеди - Силди – Гьакъо - Метрада - Хушет ва Амало рукIана Кахетиялде, Тушетиялде, Гъалгъаялъе[117], Гьириялъе[118], Кабардиналъе ва Карачаялъе гуребги, ЧIегIераб ралъдал рагIаллъабазде щвезегIан ругел ракьаздеги унел нухал. Гьел нухалги къачIазе, гьениса хьвадулелги цIунизе, гьезухъа мухьги босизе бакI-бакIалда тун рукIана гIадамал, хасго аварал. Гьел нухазда тIад Гъалгъаялъе щвезегIан кверщел букIана хундерил ханзабазул, гьел гIадамалги гьенире ритIун рукIана гьел ханзабаз. БатIалъи гьечIо гьедин ритIарал гьел Гьидалъа, Хунзахъа яги КIкIаратIаса рукIун ратаниги. Баянаб жо буго Къедиб чIей букIарал нуцабаз гIадамал ритIун яги риччан гIуцIарал рукIин Ункъракьалда ва Къиялъ ругел цо-цо росаби. ГьабсагIат кодоре щун ругел баяназда рекъон, жакъасел къедисездасаги цебе Къедиб чIей букIарал гIадамазул цоял руго гьидалъел. Щаклъи гьечIо, гьаниб цебе бицараб хIалалъ, гьелги хундерил ханзабаз ритIун яги риччан гьенир рештIун рукIун ратиялда. Къедиб ракьалда тIад некIсияб цо росу букIараб бакI буго Асали[119]. Тарихалда ругел цо-цо баяназда рекъон, гьанже бугеб Къеди росдае кьучIчI гIага-шагарго 700-800 соналъ цебе лъунин бугониги, рес буго гьеб гIемерго цебе гIуцIун батизеги. Асали росуги бан рукIарал гIадамал эрмениял рукIанинги буго цо бицен. Нижеца гьел насраниб дин бугел магIарулал рукIун ратилин тола, Исламгун рачIарал бусурбабаз «капурзаби» абураб магIнаялда жидеда гьеб цIар лъурал[120]. Гьеб росу къотIун букIараб хIисаб буго Дербенталдаса Гьириялъе унеб цо нухги. Гьеб цIунизе ва къачIазе тарал рукIун ратила гьел гIадамал гьенир. КIкIаралаз абула жидеца Къедире гIадамал ритIанин гьениб мугIрузда букIараб жидер боцIиги гIухьбиги къиялазул хъачагъаздаса цIуни мурадалда. Гьелъул магIна кколаро гьел мугIрул кIкIаралазул рукIанин абураб. Ясахъги босун риччан рукIун ратила. КIкIаратIаса рачIун чIарал гьел гIадамазда сверухъ лъугьараб букIинеги бегьула Къедиб бугеб Малалал тухум. Биценазда жанир ва тарихалда ругел баяназда рекъон, батIи-батIияб заманалъ Къедире рачIун руго хундерил ханзабазул рукъалъулги цIи цIиял гIадамал. Бицен буго, гьедин рачIарал гьез жидер хIал бергьани, гъоркь рукIаразухъа ханлъигицин бахъулаанин[121]. Руго Къедир хундерил Гьамущиса ва ЦIелмесалдаса рачIаралин абулел гIадамалги. Хундерил ханзабазул рукъалъул цIи рачIарал гIадамалгун цадахъ рачIарал рукIинеги бегьула гьел. Гьединго буго Къиялъа рачIаралин абулезулги цо тухум. Гъумекдерил[122] ханзабазулгун гIагарлъи бугебги батизе бегьула цо тухум. Къоабилеб гIасруялъул 90-аб. соназ хварал херал гIадамазул харбидасан бихьулеб буго Къедиб гьидерил гIадамазулги цо тухум букIин. Гьел Къедиса нахъе анин бугеб гIадин, киналго инчIинги буго цо бицен. Гьединго буго бицен, Къедир ругел, нуцабиян жидеда абулел гIадамазул цо тайпа гуржи-ханзабазулгун гIагарлъи бугеб букIанин[123]. Гьел ГIарабиялъа рачIарал ругинги буго, амма Хунзахъа рукIиналъе хIужа-далил цIикIкIараб буго. Гьел нуцабазда жидедаго гьоркьоб, гьездаги къедисезул цогидал тухумаздаги, Ункъракьалъул цогидал росабазул гIадамаздаги гьоркьоб цо-цо заманалъ дагIба-рагIиги кколеб букIун буго, амма чIвай-хъвей ккараб иш букIанин бицен гьечIо. Гьанжеялдаса нусиялда лъеберго соналъ цере рукIарал къедисез хъвалеб буго Ункъракьалъул цо цо росабазул ракьал жакъаги жал бетIергьанал ругин, Шамилил заманалъ гьесул наибзабазул зулму сабаблъун гьел росабалъ ругел гIадамазухъе ккарал. Архивазда руго гIурусазул хIукуматалъ гьелъул хIакъалъулъ хъварал кагътал. Къедирги руго гьединалго кагътал. Жалго гьел росабалъги руго гьелъул хIакъалъулъ гIемерал биценалги хъвай хъвагIаялги[124]. ПалхIасил, нус-нус соназ Къедибги Къедиса нуцабазухъги букIун буго кинабго Ункъракьалдаги Аваристаналъул Туш ва Къиялъ мухъаздаги тIад амирлъиги хIакимлъиги, гьенибе бакIарулеб букIун буго Гуржиялъе ва Гъалгъаялъе щвезегIан ругел ракьаздаса ва Болъихъ районалда ругелгицин цо-цо росабалъа магъало, гьединлъидал, абизе бегьула, цо-цо заманабаз гьеб ракь букIанин жиндиего хасал гIорхъабиги гIадлуги бугеб гьитIинаб ханлъи яги пачалихъин[125], гьай-гьай, Авар ханлъиялда гьоркьобе жиб унеб. ТарихчагIаз абула тарих чIегIераб яги хъахIаб букIунарин. Гьединлъидал гьаниб цебе бицанщинаб жо мухIканаб, тIад кIалъазе бакI гьечIеб бугин абизеги лъидаго кIоларо. Гьеб буго чанго соналъ гьарурал цIех-рехазул, цIалараб-хъваралъул, гIенеккараб-бицаралъул хIасилалда гIуцIараб, цо-цо масъалабазе мухIканаб хIужа-далил бугониги, цогидазул кьучIалъе биценал гурого гьечIеб, цIи-цIиял баянал, хIужаби тIаде рачIиндал хиса-баси ккезе бегьулеб хабар. Вассалам.
.............................................................
[105] Шамилил заманалде щвезегIан.
[106] Гьанжесеб Итум-Хъала ва Шарой мухъ.
[107] Ункъракьалда сверухъ гьабсагIатги гьел руго (чIамалал, тIиндал (дидоял), хъваршал, ва гьединго цIунтIал (цезал), тушал, къиялал).
[108] БакътIерхьул Дагъистаналда, ГIанди гIурул тIаралъабазда бугеб мухъ. Цебе, цо заманалъ Авар ханлъиялда гьоркьоб Къедиса нуцабазул кверщаликь букIана. XIX гIасруялда Гуржи пачалихъалъухъе ккана ва жакъаги гьениб буго. Гьенир гIумру гьабун ругел гIадамал гуржи мацIалда кIалъала.
[109] ЧIамалазул росаби Гьадирир, Гьигьалъ руго «гуржиязул» хIакъалъулъ биценал. ТIадекIанцIи, боцIи бахъи, руччабаздалъун хIилла гьаби ва гь.ц. ЧIамалал ругеб ракьги жакъасеб Гуржистаналъул (Тушетиялъул) гIорхъаби ругеб бакIги лъаларел, гьел биценал рагIарал гIадамазда ракIалда ккезе бегьула гьел цоцада цун ругел бакIалин. ХIакъикъаталдаги, кидаялиго гьел мадугьалзабилъун рукIун ратизеги рес буго. Амма жакъа гьезда гьоркьоб чанго мегIерги гIемераб нухги буго, ай Ункъракьги Къиял мухъги буго.
[110] Бусурбабазул кверщаликь цо пуланаб ракь букIин кколаро гьеб ракьалда тIад гIумру гьабун ругел гIадамалги бусурманал рукIин. Тарихалда чанго мисал буго, гьоркьохъел гIасрабазул байбихьудаго бусурбабазул кверщаликье ккарал цо-цо ракьазда тIад - хасго Дагъистаналъул магIарухъ, гьелдаса худуб нус-нус соназги Ислам щулалъун букIинчIолъиялъе. Гьеб хIал гьедин халалъиялъул пайда букIараб хIисаб буго цIиял амирзабазе. Бусурбабазул хIукуматалъе капурзабаз кьезе кколеб жо цIикIкIун букIуна бусурбабаз кьезе кколелдаса.
[111] ЛекIал – аварал, магIарулал.
[112] Гьакъосез жидер магIарда нахъа бугеб тушдерил ракьалда МосокIи абула, гьеб рахъалдаса Гьакъобе чвахулеб лъаралдаги цIар «Мосойилъар» буго.
[113] Кисти – къиялал. «Хъулбузул, сиязул гIадамал».
[114] Аваразул пачалихъ. БукIараб заман - гIага-шагарго VII-XIII гIасраби.
[115] Жакъасеб Болъихъ районалда, АнсалтIа лъарал кIкIалалъул бакьулълъиялда ругел магIарул мацIалда кIалъалел росаби: АнсалтIа, РахатIа, Шодрода, ТIандо ва гь. ц.
[116] Балагье гьаб тIехьалъул 8 бутIаялда бугеб «Дагъистаналъул ва Чачан мугIрул къотIун кIудияб дармил нух».
[117] Ингушетия. Ингушал – гъалгъаял. «Хъулбузул, сиязул гIадамал».
[118] Осетия.
[119] Къеди, Гьаквари ва РичIагьанихъ росабазул ракьазул гIорхъода бугеб къедисезул бакI.
[120] Къедиб бицен буго: гьанже бугеб бакIалда Къеди росу бараз Асали рукIаразе гьукъун букIун бугин гочун Къедире рачIине (Гъ. МухIамадсултIан.). Кинниги гьел рачIун руго ва Къедир рештIун руго. Асалиб гьезул чIей букIарабин абулеб бакIалда гьанже нуцабазулги малалазулги кулал руго.
[121] Къедиса нуцабазул бетIергьанлъиялда гъоркь Къиялъ рукIарал росабазулги хъулбузулги хIакъалъулъ тарихалда ругел баяназде балагьун абизе бегьула гьел нуцабазул чIей цохIо Къедиб гуреб Къиялъги букIанин. Цинги, цо заманалдаса, цо кинаб букIаниги гIилла сабаблъун гьел гьениса нахъе ине кканин ва тIуранго Къедирги Сасикьги рештIун чIанин.
[122] Гъумеки – Кази-Кумух. Тумал - лакал
[123] Хашаев Х.-М. Феодальные отношения. С. 27.
[124] Балагье тIехьалъул 4 бутIаялда.
[125] Гумбеталда ТIурловазул букIараб гIадин, хундерил Сивухъ Сурхайилазул букIараб гIадин. (Гьел кIиязулго кIудияб тарих буго. Лъазе бокьарал балагьизе бегьула интернеталде).
КЪЕДИ РОСДАЛ ТАРИХАЛДА ХОЛАРЕБ ЛЪАЛКI ТАРАЛ ГIАДАМАЗУЛ ЦIАРАЛ
1. Байар (Байсар). Аваразул Сарир пачалихъалъул хан Суракъат нуцалил вас, 13 гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда (гIага-шагарго 1256 соналъ) Абулмуслим-амирасул бетIерлъиялда гъоркь Хунзахъ бахъизе рачIарал бусурбабазул бояздаса нахъе къан, Туш мухъалде ун вукIарав нуцал[126]. Цо-цо тарихчагIазул пикруялда рекъон гьесул рещтIен букIараб бакI (яги бакIазул цояб) буго Къеди.
2. ГIамир-СултIан. Баяр нуцалил вас. 1295-6 соназ ГIандигIурул тIаралъабаздаса, Къиялъа ва ЦIунтIаса аскарги бакIарун, Хунзахъ бахъизе арав ва Абулмуслимица гьенив тун вукIарав амир АхIмадги чIван, жиндир умумузул тах тIад буссинабурав нуцал. Гьеб иш ккун хадуб 24 соналдаса нуцабаз Ислам босана ва жидер тIалъи бугел ракьазде гьеб щвезабуна.
3. Алдам. Тарихалда жанив гьев чи вихьизавун вуго Авар ханзабазул рукъалъул гIаркьелазул цоял Алдамилазул кIудияв эменлъун. Гьесдаги бухьинабула Ункъракь-Къиялъе тIоцересел нуцаби рачIинги ва гьез гьениб тIалъи гьабиги.
4. Мирзабег. 15 гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда бусурбабазул боялгун магIарухъ бакI бахъизе рачIун рукIарал къурайшиял СултIан АхIмадицаги ГIалибегицаги Къедиб вилаяталда тIад тун вукIарав амир[127]. Гьев Мирзабегилги гьесул амирлъиялъулги хIакъалъулъ цоги батIияб баян лъазабизе кIвечIо, Къедиб-Сасикьги гьесул яги гьесулКЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ 184 наслабазул хIакъалъулъ бицен батичIо. РакIалда ккола, гьенир рукIарал нуцабаз гьесул амирлъи къокъаб заманалда жаниб гьоркьоб къотIизабун батилин.
5. АмирхIамза. Къедиса нуцабазул цо гIаркьелалъул кIудияв эмен. 1730 соналъ Хундерил ханзабазул хъизаналда жаниб ккараб цо питнаялъулъ жиндир эмен чIвайдал, жиндирго имгIалгун ва кIиго яцгун цадахъ гочун Къедиве вачIана ва гIумру гьабун гьенив чIана. 1801 соналъ аваразул ханлъун вахъарав Гебек нуцалил чIужу Абай-бика гьев АмирхIамзал яс йикIана. АмирхIамзал цIар бугев цоги къедисев тарихалда лъала магъало кьезе инкар гьабурал тушазе тамихI гьабизе 1837 соналъ ун букIараб магIарулазул бодул цевехъанлъун.
6. Малач. Къедисезул амирлъиялда гъоркь рукIарал Ункъракь-Къиял мухъаздаги Россиялъул хIукуматалдаги гьоркьор къотIи-къаял гьаризе гIоло 1838 соналъ Туплисалде ун рукIарал нуцабазул цояв.
7. Сурхай. Ункъракьалда ругел биценазда рекъон, 1844 сон бачIиналде Къедиса нуцабазда гьоркьов кIудиявлъунги Ункъракь-Къиял мухъазул кверщел кодосевлъунги вукIарав ва гьеб соналъ Шамилил муридзабаз Къиялъ чIварав нуцал.
8. Малачилав. ГIага-шагарго 18 гIасруялда вукIарав чи. Рагъуе бугеб гьунаралъги, Гуржиялъе чабхъенал гьарулезул цIар рагIарал церехъабазул цоявлъун вукIиналъги тарихалда цIар хутIарав. МагIарулазул рагъул церехъабазул хIакъалъулъ кучIдузулъги рехсола гьесул цIар.
9. КIушкIанд. Гьав ккола гIага-шагарго 18 гIасруялъул ахиралда, 19 гIасруялъул байбихьуда вукIарав Къедиса КIушкIандилал тухумалъул чи. Рагъуе бугеб гьунаралъги, гьеб заманалъ цIакъго тIибитIун букIараб Гуржиялъе чабхъенал гьариялъул цIар рагIарал церехъабазул цоявлъун вукIиналъги тарихалда цIар хутIарав. 1834 соналъ Шамил имамлъун вищизеян бакIарараб цо мажлисалда гIахьаллъарал гIалимзабазул ва рагъул церехъабазул цIаразда гьоркьобги рехсон буго Къедиса КIушкIандил цIар.
10. КIутит. Имамзаби загьирлъилелдего гъазаватал гьарулел рукIарал магIарулазул бодул церехъабазул цIаразда гьоркьоб цIар хъварав, гьедин тарихалдаги рагIарав. Шамилил наиблъун вукIарав Гьигьалъа ИманмухIамадил тарихияб хIалтIиялда жаниб рехсон буго гьесул цIар.
11. ГIалигъалбацIил Алдам. Имамас ритIарал ругин жалин абун рачIарал муридзабазда Алдам божичIо ва хвезегIан гьелгун вагъана. Божарал ва малъараб гьабурал къедисел муридзабаз цо чи нахъе течIого чIвана. Гьелдалъун нилъеда бихьула Алдам витIун вукIараблъи ва гьесул хвел гIадада ккечIолъи.
[126] МухIамад-Рафи. Тарихи Дагъистан. [127] Айтберов Т. ГIурадаса Муслимил хабар. Балагье тIехьалъул гьаб бутIаялда лъураб «БакътIерхьул Дагъистаналде Ислам щвей» абураб макъалаялда.
ТАРИХАЛДА ТIОЦЕРЕСЕЛ БИЦЕНАЛ
Къеди буго тарих бечедаб росу[128], гьелъие гIиллаги ккола гье- лъул гьеб тарих некIсияб Хунзахъ ханлъиялъул тарихгун цIакъго жубараб букIин. Гьеб росу бугеб мухъалда Ункъракь[129] абула. Дагъистаналъул тарих-гIелмуялда жаниб киналго тIадрекъараб пикру буго Ункъракь букIанин Авар ханлъиялъул «щулалъабазул» цояблъун[130]. Гьеб щулалъиялъул тарихиял кьалбалги цIакъго некIсиял руго ва гьеб тарих Авариялъул сиясаталъул тарихалда щулаго бухьарабги буго[131] Гуржиязул «Псевдо-Джуаншерасул тарихияб хъвай-хъвагIай» абураб хIалтIиялда жаниб бицун буго VIII гIасруялда (700 аб. соназ) тушаздаги (ГIанди гIорул тIасияб рахъалда ругел халкъазда), гьединго хунзаздаги ва гьеб ракьалъул хъанчие лагълъи гьабулел цогидал халкъаздаги тIад ханлъи гьабулеб букIанин Абухосро абулев ханас[132]. Псевдо-Джуаншерас Тушетияги Хунзахъги цо пачалихъ букIанин бицунеб хабар мухIканаб букIин баян гьабун буго гьоркьохъел гIасрабазул тарихчи МухIаммад Рафица жиндир «Тарихи Дагъистан» абураб тIехьалда. ГIараб мацIалъ хъвараб гьеб хIалтIиялда жаниб бицун буго, Авариялъ Ислам босизе цебе заманалъ тушал Хунзахъ чIарал нуцабазул ханлъиялда гъоркь рукIанин[133]. Гьеб тIехьалда жанир ругел баяназда рекъон, Суракъат ханасул ханлъи тIад бугеб ракь баща-бахъадаб букIун буго Сарир улкаялъул IX гIасруялъ букIараб ракьалда. Гьеб заманалъ рукIарал бусурбабазул хъвадарухъабаз бицунеб буго гьеб улкаялъул ханзабаз магъало бакIарулаанин Черкесиялдаса байбихьараб Ширваналъул Шемахи шагьаралде щвезегIан бугеб ракьалдаса[134]. IX гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда байбихьула Сариралъулги бусурбабазулги лъабнусго соналъ халат рахъарал рагъал, жиделъ, щаклъи гьечIого, гьеб улкаялъул тахшагьарлъун жиб букIараб Хунзахъа гIадамалги гIахьаллъарал[135]. МухIамад Рафил «Тарихи Дагъистан» тIехьалда жеги бицун буго ГIабдула Абу-Муслим абурав амирасул бетIерлъиялда гъоркь Къара-Хайдакъалдаса бачIараб гъазизабазул боялъ Авариялда Ислам тIибитIизабиялъул хIакъалъулъ. Гьеб заманалъ (XIII гIасру - 1200 сонал) Авариялъул ханлъун вукIанин капурав нуцал Суракъат ва гьеб ракьалъул халкъалъ «как балеб букIанин хъанчазе». Суракъат нуцаласул ханлъи гьоркьоб къотIизабунин рагъаздалъун. Нахъе хутIараб аскаргун, хазинагун ва цогидал рокъосел чагIигун Суракъатил вас Байар (Байсар) [136] лъутанин Тушалъе. Тушалъ гьев чIун вукIараб бакIалъул бицунаго цо-цо тарихчагIи тIад рекъана гьеб бакI Къеди букIиналда[137]. Гьез абуна: цадахъ бо букIиналъ гьесда кIванин бакIалъулаб халкъ жиндие мутIигI гьабизе[138]. Гьелдаса хадуб Хунзахъ тIалъи Абумуслимил амирлъиялда гъоркье ккана. «Хунзахъ-наме» абураб некIсияб хъвай-хъвагIаялда жаниб бицун буго Аваристанги кверде босун, гьениб Исламги тIибитIизабун, Абумуслим вагъаранин Тушалъехун, амма гьениве щвелелде нухда унтун хванин ва вукъун Хунзахъ вугин. Гьеб хъвай-хъвагIаялъул кьучIалда абизе бегьула Абумуслимида ракIалда букIанин, Тушалъ Ислам тIибитIизаби гуребги, гьел ракьал Аваразул амирзабазул цIиял наслабазе мутIигI гьаризеги[139]. «Тарих Дагъистан» ва «Хузахъ наме» абурал тарихиял хъвай хъвагIаяз нугIлъи гьабулеб буго Хунзахъ тIалъиялъул халкъалда Ислам босизабунин кIиго нухалъ. Бусурбабаздасаги къун Тушалъе (Туш-Ункъракь-Къиялъе) лъутун вукIарав[140] Суракъат нуцалил вас Баярил (Байсарил) Амирсултанида ракIалда букIанин жиндир умумузул ханлъиялъул тах тIад буссинабизе ва гьеб мурадгун ЦIунтIасаги, ГIанди гIорул тIаралъабаздаса ва гъалгъаязул ГIариштIибе щвезегIан тIолабго Къиялъаги бакIарараб аскаргун «бецIаб сардилъ» Хунзахъ тIалъиялде вачIанин. «Гьел бахIарзал хъалаялде рорчIана ва, Абумуслимица амирлъун тун вукIарав АхIмадги чIван, гьесул бетIер, къотIун, хъалаялъул къеда бана[141]». ЧIвана гьенир рукIарал цогидал бусурбабиги ва хундерица рагьун Исламалдаса инкар гьабуна. Пачалихъияблъун лъазабуна христианияб, гуржиязулгун православиялъул асар бугеб дин.
[128] ХIапизов Ш. НекIсияб Къеди // Казият «Миллат». МахIачхъала, 2015 с. № 6.
[129] 19 аб гIасруялъул байбихьуда гьарурал цо-цо хъвай-хъвагIаязда жаниб гьеб цIар «Ункъ-РАХЪ» абунги бихьизабун буго.
[130] Агъларов М. А. Сельская община в Нагорном Дагестане в XVII-ХIХ вв. М., 1988.
[131] АйтберовТ.М. Древний Хунзах и хунзахцы. Махачкала, 1990.
[132] Т. М. Айтберов. Древний Хунзах и хунзахцы. 37 гьум.
[133] Гьенибго. 38 гьум.
[134] Гьенибго. 65 гьум.
[135] Гьенибго. 38 гьум.
[136] Д. М. МухIамадовасул хIаракаталдалъун тарих гIелмуялда жиб лъараб биценалда рекъон Суракъатил васасда цIар букIана Байсар.
[137] Полевой материал. РФ НИЯЛ. Ф. 1, оп. 1, ед. хр. 483,лл. 2-3
[138] IX гIасруялъги гьеб халкъ гьел ханзабазул кверщаликь букIанин абун гьаниб цебе бицун буго. Амма зама-заманалдасан гьел мутIигI гьаризе ккеялъул хабар тарихалда такрарлъулеб букIиналъ нилъеда бихьула гьел гьеб кверщаликь кидаго рукIинчIолъи.
[139] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля. С. 5.
[140] ГIага-шагарго 1256 сон.
[141] Бусурбабазул амир АхIмад чIван хадуб 24 соналдаса хундерил нуцабаз Ислам босун буго. Гьеб заманги кколеб буго гIага-шагарго 1305 – 1310 сонал.
КЪЕДИ ВА КЪИЯЛЪ
Гьанжесеб мугIрузулаб Чачанлъиялъул халкъалъул цересел умумузул рукIа-рахъин батIи-батIияб къадаралда жубараб букIана гIумру гьабиялъул къагIидабиги пачалихъияб сиясатги жидер цебе тIурал Дагъистаналъул ва Гуржиязул халкъазул рукIа-рахъиналда. Лъалеб жо буго, XVI гIасруялда ГIанди гIорул квегIаб рахъалда ругел жамагIатаз Ислам босун хадуб, Гьима гIурул (Шаро-Аргун) кIкIалахъ гIумру гьабун рукIарал халкъазги Ислам боси ва гьеб мухъалъул цогидал гIемерал росабазул гIумру Дагъистаналъул халкъазул гIумруялда цIикIкIун бухьараб букIараблъиги[142].[143]
1789 соналъул цо хъвай-хъвагIаялда бицун буго аваразул нуцалас ритIарал гIадамаз Гьима гIурул жаниблъиялда месед-гIарац гьоркьоб бугеб магIдан бахъулеб бакI цIехеялъул хIакъалъулъ. «ГIезегIанго заманалъ гьарурал цIех-рехазул хIасилалда гIарцул магIдан батана Гьима гIорул жаниблъиялда. 1788 соналъул 5 сентябралда Авариялъул хан ГIумаханги Дибир-къадиги рачIун рукIана Хьаруб гьеб магIдан бахъиялъул хIалтIи гIуцIун бугеб къагIидаялъул хал гьабизе. Гьениса гьеб магIдан баччулаан Хунзахъе ва, хассал къебелъабахъги бацIцIун, биинабун гIарцул къотIелалги гьарулаан»[144].
Аваразул нуцабаз гIезегIанго хайир босулаан цо-цо жидер ракь дагьал къиялазул жамагIатазухъе боцIи хьихьизе мугIрул ва гIалахал кьеялдалъун. Цо хъвай-хъвагIаязда жаниб ЦIантIаги гIавухъазул мугIрулги гьел нуцабазул буголъилъун рихьизарун руго. Мисалалъе, ЦIантIа магIарда боцIи хьихьизе риччаралъухъ щибаб лъагIалие гIавухъаз хундерил нуцабазе кьолеб букIун буго 80 бетIер гIиязул. Гьединго Ичкериялъул жамагIатазги, Чермой, Харачо, Тазанхъала, ЦIамутIари, Балгъит, Даргъо, Баяниб ва цогидалги мугIрузда боцIи хьихьаралъухъ ясахъ кьолеб букIана гьел нуцабазе. Дагъистаналъул тарих гIелмуялда жанир ругел баяназда рекъон, азарго соналъ цереги авар ханзабазул буголъилъун рукIарал мугIрул ва гIалахал батIи-батIияб заманалъ Авар улкаялъул рагIаллъабазда рештIине ритIун рукIарал гьел ханзабазул цо-цо наслабазухъ ккана ва гьезул буголъилъун лъугьана. Гьединаздасан рукIана ГьагIмади, Хьаруб (Шарой) ва цогидал жамагIатаз роол заманалъ жидедаса пайда босулел Гьиндуха, АпаратIа, АпаратIа-нахъа, Игъадахъ, Алдамил иццухъ ва цогидалги мугIрул, Ункъракьалъул нуцаби, Къедиса Алдамилазул бетIергьанлъиялда жал рукIарал[145].
Гьелги гьел гурелги ракьал авар ханзабазул ирсилаллъун жал рукIарал Къедиса нуцабазул буголъилъун кида лъугьарал абураб суалалъе мухIканаб жаваб тарихалда гьечIо. Кинниги, гьаниб хадуб лъун бугеб, 18 гIасруялъул байбихьудаго кIиго кIудияб жамагIаталъ жидедаго гьоркьоб гьабун букIараб къотIиялда жаниб бицунеб жоялъул хIисаб гьабулаго абизе бегьула гьеб ракьалда тIад тIубараб ихтияр Къедиса нуцабазухъ гьеб заман бачIиналдего букIанин. Хунзахъ рукIарал авар ханзабазул кверщаликь гьел къедисел гьеб заманалъ рукIарал ани, щакаб жо буго гьадинал къотIаби къедисезул мадугьалзабаз гьаризе рукIун рати:
«… Жеги гьез къотIи гьабуна:
1. Къедиб ва Сасикь бугеб нуцабазул рижи гьоркьоб къотIани, Сасикь бакI тIиндисезул боялъе букIине.
2. Къедиги, Гьакъоги, Силдиги кIкIаралазе букIине, гьел нуцабазул рижи гьоркьоб къотIани[146]…».
Гьеб «къотIи-къаялда» рекъон ункъракьалъулаз тIиндисезе кьуна «Эчеди майдан». Гьениб гьез бана Эчеди росу. Гьеб росдал гIадамаз XIX гIасруялъул байбихьуда магъало кьолеб букIана нуцаласе[147].[148]
[142] Магомедов Р. М. История Дагестана. Учебное пособие. Махачкала, 1998. С. 101 102. С. 170
[143] 14 аб. гIасруялъул байбихьудаго Ислам босарал хундерил нуцабазул хIаракаталдалъун гьеб дин гьебго гIасруяллда Ункъракь-Къиялъ мухъаздеги щун букIине рес буго.
[144] Ш. М. Хапизов. Ума-нуцал (Умахан) Великий. С. 62.
[145] Ш. М. Хапизов. Ума-нуцал (Умахан) Великий. С. 23
[146] «Гьаб буго хадусел заманазе бугеб бичIчIизаби. ТIиндисезул ва кIкIаралазул боязул гьитIинасги кIудиясги къотIи гьабуна рохелалъеги къварилъиялъеги кидаго цо бо гIадин цадахъ рукIине ва ратIалъунгутIизе, гьоркьоб чIвай-хъвей кканиги, питна-рагъ сабаблъунниги. Гьезда гьоркьоб бугони налъи, жиндие гьоболас нугIлъи гьабураб яги живго налъулав мукIураб, гьелда ишкал гьабизе гьечIо. Налъи бахъизе буго росдал гIадаталда рекъон гIелги витIун. Лъица бугониги гьелда ишкал гьабуни, гьесухъа кIиго чахъдал багьаяб куй гIакIаялъе бахъизе буго. Жеги гьез къотIи гьабуна Къедиб ва Сасикь бугеб нуцабазул рижи гьоркьоб къотIани Сасикь бакI тIиндисезул боялъе букIине. Къедиги, Гьакъоги, Силдиги кIкIаралазе букIине, гьел нуцабазул рижи гьоркьоб къотIани. Гьел боязул цояб жиндиего бокьун цогидалдаса батIалъани, гьеб тIоцебе батIалъараб боялда тIад 70 гIака гIакIа лъезе ва гьеб кьезе цогидаб, жиб батIалъичIеб боялъе. Гьаб къотIиялъе нугIзал: КIкIаратIисезул къади – ТIитIалав. Гьал рагIаби жинца хъварав тIиндисезул къади – ХIажимухIамадгIали. ГIанчихъазул къади – ТIабакIилав. ТIиндисел: ХIажи Абубакар, ИхакIул вас МухIамад, МухIамад Гъванка, ХIажиясул вас МухIамад, ГIанджулав ва ТIлубул вас МухIамад.
КIкIаратIисел: Малачи, Кьуру, Юсуп ва ИсмагIилил КъурбанмухIамад. ГIанчихъал: ХхинтIар, ИсмагIил, Турач, МукIушилав, Хъатулалилав. Гьакварисезул къади – ГIарчоса Шамхал. Къедиса ГIИСАЛ ГIАЛИ ва цогидалги. НекIсияб хъвай-хъвагIай. (ГIага-шагарго 1720 - 1730 сонал). Тарихчи Т. Айтберовасда батараб ва гьес гIарабалдаса гIурусалде буссинабураб. (МагIарул мацIалде буссинабуна – авт).
[147] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля.
[148] Лъаларо М. ХIусейновас гьаб баян киса босун хъвараб – гьеб ритIухъ гьабулеб хIужа жеги данделъичIо. Ругел биценазда рекъон, гьеб бакI тIиндисезе кьей бухьараб букIине бегьула гьеб заманалдаса гIемерго цере Ункъракьалда ккарал лъугьа бахъиназда. Гьезул цояб ва кIвар бугеб ккола Ункъракьалдаса насраниял рачахъи ва гьелъие ТIинди жамагIаталъ гьабураб квербакъи. Балагье тIехьалъул гьаб бутIаялда лъун ругел биценазда.
БАКЪТIЕРХЬУЛ ДАГЪИСТАНАЛДЕ ИСЛАМ ЩВЕЙ
12-13 гIасрабазда Дагъистанлъул магIарухъ насраниязул православияб дин щулалъиялъе гIиллалъун букIана XII гIасруялъул ахиралда - XIII гIасруялъул байбихьуда (Гуржиялъ Тамара-бикал заман –авт.) гуржиязул ханзабазул къуват цIикIин ва гьезул сиясатги динги мугIрузулаб Дагъистаналдаги тIибитIи. Насранияб дин тIибитIигун цадахъ магIарухъ рана гьатIаналги. Гьезул цо-цоязул хутIелал жеги нахъе руго . Ункъракьалъул Силди буго «ГьатIанлъи гохI» абулеб, биценалда рекъон цебе гьатIан букIараб бакI. Буго гьединаб бакI Гьакъобги. Гьез гьелда «ГьатIанрохь» абула[149]. Цебе заманалъ мажгит букIун бугин бицен буго Къедиб Кавуда авалалъул рукъзазда гьоркьоб бугеб майданлъиялдаги. Насраниязул заманалъ гьениб гьатIан букIун батизеги рес буго[150]. Гьединго гьеб мухъалъул цоги-цоги бакIаздаги ратана ганчIил гьарурал хъанчал ва некIсияб албан-гуржи ва авар мацIалъул алфавит тIад хъварал къанал[151]. Дунялалъул ракьал хъваялъул картаялда тIад Ункъракь бугеб бакIалде балагьун бихьулеб буго гьеб букIараблъи, щаклъи гьечIого, бищунго къуваталда Гуржистаналъул сиясат жинда тIад тIибитIизе рес бугел ракьазул цояблъун[152]. «Тарих Дагъистан» тIехьалъ бицунеб буго 1318-1319 соназде хунзахъелги гьезул нуцабиги бусурманал рукIанин. Гьез Ислам босун буго АмирсултIаница амир АхIмад чIван хадуб 24 соналдаса. Гьелдаса хадуб аваразул нуцабаз «диналъе гIоло» абураб байрахъалда гъоркь гьужумал гьаруна жеги хъанчие лагълъи гьабун ругел цогидал магIарулазул ва аварал-гIандал-цIунтIасезул ракьазде. Ислам босизаби гуребги, гьел гьужумазул мурад букIана жалго жидедаго чIеялъе гIоло бахIарчилъиялда къеркьолел гьел жамагIатазда тIад Хунзахъа ханлъи щула гьаби[153]. Гьеб хIалтIиялда жаниб жеги бицун буго байбихьуда гъазизабазул кверщаликь цохIо Хунзахъ гурони букIинчIин, заманалдаса гьез гьеб росу сверизабунин Жанисеб ва БакътIерхьул Дагъистаналда гъазаватал гьари мурадалда рагъулал къуватал ракIарулеб идараялде. «Гьединаб хIалалда, цоял – рагъаздалъун, цогидал – лъикIаб бербалагьиялдалъун, бусурбабаз жидее мутIигI гьаруна киналго магIарулал ва гьезул ракьалъул киналго бутIабаздаги щулалъана. Гьел бусурбабазул гIадат букIана жидее мукIурлъараб яги бахъараб росулъ ва шагьаралда жидерго амир яги вали толеб, ва бакIалъул гIадамазул къадаралдасаги цIикIкIун жидер гIадамал гьенир рещтIинарулеб. Гьаниб хадуб лъураб гьаб кагътида жаниб бицараб хIалалъ:
ГIУРАДАСА МУСЛИМИЛ ХАБАР[154]
«… Гьев султIан вуго жинца нилъер ракьал хIал гьабун рахъарав. Гьел ракьазул гIадамаз Ислам босана гьесдаса. Гьезул ракьалда тIад гьес лъуна хараджги джизятги ва гьезда гьоркьоб шаргIалъул гIадлуги билъанхъизабуна. Кьеги Аллагьас гьелъухъ гьесие алжан! Гьелдаса хадур кIиго къурайшияв – Султан-АхIмадги ГIалибегги (жидерго боялгун) рачIана жинда жанив жиндир малик вугеб Кьорош росдада аскIоре. Гьелда сверухъ чIун гьез бана лъабго моцI. Цинги, Аллагьасул кумекалдалъун гьез гьеб бахъана ва гьелдалъун Къарахъ мухъалда тIад кверщелги гьабуна. Гьелдаса хадур гьел рачIана Анкьракьалде. ГIемерал рагъалги гьарун гьез гьебги бахъана. Гьединго гьез бахъана ТIинди ва Къеди виллаятги. Къеди росулъ амирлъун гьез тана Мирзабег[155]. Гьеб киналъулго хIасилалда гьез кверщел гьабуна ГIириса байбихьараб Тушалъ ва Тиянати щвезегIан ругел мугIрузда»[156]. МагIарухъ Ислам тIибитIизабулезул гьединаб сиясаталъ кIудияб асар гьабуна Авариялъул культураялъулаб багъа-бачариялъе. ГIарабиязул гьел гьужумазул бищунго цIикIкIараб хIасил букIана гьез кверщел гьабурал ракьазул халкъаз динлъун Ислам боси. Гьединго гьел гьужумазул хIасилалда цо-цо гIадамал, жидерго ракьги рехун тун, Ислам босизе бокьичIого нахъеги гочана ва, цIиял бакIазда росабиги ран, гьенир рештIана[157].[158]. Гуржиялъ, Алазан гIорул жаниблъиялда буго Земо-Кеди ва Квемо-Кеди (Гъоркь-Кеди, ТIад-Кеди) абун цIар бугел нилъер заманалъул кIиго росу. Цо-цо баяназда рекъон, гьел росабазул цIикIкIарасеб халкъ буго цебе Тушалъ гIумру гьабун букIараб ва XIX гIасруялъ гьениса гочараб. Жал Дагъистаналдасаги Чачаналъаги гочун рачIарал гIадамазул лъугьарал ругин тушаз абулеб букIинги хIисабалде босун[159], абизе бегьула гьанир цере рехсараб кIиябго росдал гIадамал ругин, Ислам босизе бокьичIого кидаялиго Ункъракьалдаса гочун Тушалъ рещтIун рукIарал гIадамазул наслаби[160]. Гьеб пикру ритIухъ гьабулеб чанго биценги буго Ункъракьалъул росабалъ[161]. «…Хунзахъа нуцабаз пачалихъалъул динлъун Ислам босанин XIII гIасруялъул ахиралда – XIV гIасруялъул байбихьудаян «Тарих Дагъистаналда» хъван бугониги, гьебго заманалъ гьарурал гуржиязул хъвай-хъвагIаязда жаниб бицун буго Хунзахъ ва Дагъистаналъул цогидалги ракьазда рукIарал насраниязул гьатIаназул ва ХIV гIасруялъул байбихьуда Гуржистаналъул католикос Евфимияс гьел гьатIаназде цо цо Инжил[162] битIизе гьабураб тIадкъаялъул хIакъалъулъ. Гьелдалъун гьеб заманалъ Хунзахъ тIалъиялда ва Дагъистаналъул цогидалги ракьазда Исламги насраниязул динги цадахъ букIанин абураб пикру бижун буго тарихчагIазул [163]. ХIV гIасруялде щвезегIан кIудияб цебетIей ва къуват букIараб Гуржистаналъул кумекалда бараб ва гIадат батараб къагIидаялъ бакIалъулал некIсиял кьалбаз ккураб насранияб дин гьеб гIасруялъул ахиралда Рекъав Тимурица гуржиязда гьарурал тIадекIанцIиял сабаблъун загIиплъана, амма тIубанго тIагIинчIо. Гьелъул бакIалда пачалихъияблъун лъугьараб Исламалъги магIаруллъиялда жеги кIудияб бакI ккун букIинчIо. ХIV гIасруялъул байбихьудаго гьеб магIарухъе щун букIана, амма цохIо нуцабаз гурони босун букIинчIо. 1385-1395 соназ Дагъистаналда лъугьа-бахъараб жо ва бакIалъулал ханзабазул сиясаталъулаб багъа-бачари тIубанго бараб букIана «Золотая Орда» ян абулеб пачалихъалъулги Тимурилги мурадал данде ккунгутIи сабаблъун гьезда гьоркьоб букIараб къецалда. Тимурица гьарурал рагъал гьесул тарихчагIаз рихьизарун руго Ислам тIибитIизабизе гIоло гьарурал гъазаватал гIадин. Гьез абулеб буго рагъаздалъун капурзабиги бусурман гьарун, гьес гьелги ахIулин ва тIамулин гъазаватал гьаризе. 1396 соналъ Тимурида кIвана Жанисеб Дагъистаналъул цо-цо ракьал жиндие мукIур гьаризе. Гьеб соналъ гьесда данде рагъгун рахъарал Ушкуджаялъулазе кумекалъе бачIана аваразул ва гъумекисезул 3000 чи вугеб бо. Тимурил боялъ гьел къезаруна ва гьезул цевехъанлъун вукIарав шамхал чIвана. Нахъе цIунун хутIарал баяназ бицунеб буго, гъумекисезулги аваразулги церехъаби ва къадру бугел гIадамал Тимурихъе рачIанин мукIурлъи ва дандечIеялда рекIекълъи лъазабун. Тимурица гьезие кьунин къадруяб ретIел, хвалченбухьал ва гIараб тайпаялъул чуял, ахIанин гьел Исламалъе гIоло гьелъул тушбабигун рагъизе. Гьединго гьес жиндир цIаралдаса гьезда хадур щула гьаруна гьелде щвезегIан гьез тIалъи гьабун рукIарал ракьал ва кьуна гьеб тIалъи ритIухъ гьабулел кагътал - ярлыкал[164]. Дагъистаналъул ракьазда гьоркьоб бищунго кIудияб кIиго мухъ – Авария ва Гъумекиб Тимурил рагъазул цIадулъе ккечIо, гьениб Ислам щулалъана ва гьелъ рес кьуна насраниялгун-хъанчил агьлу бугеб БакътIерхьул Дагъистаналдехун гъазаваталъул байрахъалда гъоркь гьужумал гьаризе. Гъумекиса шамхалазе гьеб рахъ букIана жинда жаниса «МугIруздаса унеб кIудияб нух» бугеб ва гьеб нухги Кумух къотIун, Гьидалъе щун, Гуржиялъе ва Чачаналъе унеб рахълъун. Гьединлъидал гьеб нухдаса ун жидеца гъазаваталги гьаруна. Гьелдаго цадахъ Авар гIоралдаса тIадехун, хьонлъул, ай ГIанди гIурул рахъалда ругел ракьазда гъазаватал гьарун Ислам тIибитIизабуна Хунзахъа нуцабазги. Гьединаб хIалалда, ХIV гIасруялъул ахиралде Хунзахъ лъугьана бакътIерхьул рахъалда ругел магIарулазда гьоркьоб Ислам тIибитIизабизе бусурбаби руссунеб хъалалъун. Гьелъие бетIерлъи гьабуна гьеб заман бачIинелдего магIарулазда гьоркьоб хIал гьабун Ислам тIибитIизаби жидее гIадатлъун лъугьарал бакIалъулал ханзабаз. Гьединго, ХV гIасруялда аваразул ва Гъумекиса ханзабазул кумекалдалъун гьидалъезги байбихьана БакътIерхьул Дагъистаналде гъазаватал гьаризе[165]. БакIалъулал халкъазда гьоркьор жакъаги тIиритIарал руго ХV гIасруялда Хучада, Джурмуталъул жаниблъиялда, ГIанди гIурул тIасияб рахъалда ва цогидалги Ислам босарал ракьазда гъазизабазул къокъабазул амирзаби гIумру гьабизе рештIиналъул хIакъалъулъ биценал[166]. 1475 соналъ жинцаго Ислам босун хадуб Гьид лъугьана ГIанди гIурул жаниблъиялдаги гьеб дин тIибитIизабизе гъазизаби руссунеб бакIлъун. Ислам босилелде цереккун багвалал, чIамалал, тIиндал, хъваршисел ва гIанди-цIунтIасезул жамагIатал рикIкIунаан православиял насранияллъун. Гьоркьохъел гIасрабазул байбихьудаго гьезда насранияб дин босизабун букIана Гуржиялъа дагIватчагIаз. Гьелъие нугIзаллъун руго ТIиндир, Хуштада ва КIванада ругел VIII XIV гIасрабазул хабалал[167]. Ругел биценазда рекъон, Хуштадаса Агъвалибе унеб нухда букIана некIсияб килиса[168]. ГIанди гIурул жаниблъиялъул гьоркьоблъиялда гIумру гьабун ругел гIанди-цезазул халкъаз – багвалаз, тIиндаз, чIамалаз, хъваршаз Ислам кида босараб абураб суалалъе батараб жавабалда жаниб тарихчагIазул пикру бикьун буго: цояз абула гьеб букIанин XIV гIасруялда, цогидаз - XVII- XVIII гIасруялда[169]. Тарихчи Т. М. Айтберовасул пикруялда рекъон, гьеб мухъалда Ислам босизабун буго Хунзахъа дагIватчагIаз[170]. Лъондода буго бицен жидехъе Ислам бачIанин Гьидалъа гIурадисез. Багвалазулги, чIамалазулги, тIиндазулги руго биценал Гьидалъаги Гъумекисаги рачIарал бусурбабазда данде жидер умумуз-насранияз гьарурал рагъазул хIакъалъулъ. Цо хъвай-хъвагIаяздаги буго, Хуштадаса Эсси-гъай тухумалъул Рутия абун цIар бугев чи, чIвай-хъвей сабаблъун, росулъа нахъе витIун вукIарав, чанго соналдаса Хуштаде тIад вуссун вачIанин бусурманавги лъугьун. Гьеб иш ккараб заманги бугин 1560-70 сонал. Рутияца байбихьанин багвалазда гьоркьоб дагIват гьабизе, амма бакIалъулал тIадчагIаз дандечIей гьабидал гьес ахIи банин Гьидалъеги Гъумекибеги. Гьениса рачIарал бусурбабазул аскараз хIал гьабун багвалазда Исламги босизабунин. VIII – ХIV гIасрабаз гIураб къадаралда цебе тIун тIибитIун букIаниги, Исламалъ Дагъистаналда тIалъи Тимурил рагъаздаса хадуб гурони босичIо. Гьелде щвезегIан Авариялда гьеб букIана насранияб дингун цадахъ. Гьелъие ккарал гIиллабазул цояблъунги букIана 1466 соналъ Гуржистаналъул цолъараб пачалихъ биххи ва Дагъистаналъул насраниязе гьенисан букIараб кумек къотIи. 1475 соналъ гьидалъезда босизабун хадуб гIемер заман инчIого Гъумекиса гъазизабаз тIиндисездаги босизабуна Ислам. Хуштада мажгиталъул къеда хъван буго 1504 соналъ босанин хуштадисез Ислам абун. Гьезда мадугьалихъ ругел тIиндазги гьелго соназ босун батила[171]. Гьединлъидал абизе бегьула Авариялда тIад тIубанго Ислам бергьарал сонал гьел кколин»[172].
[149] Къедиб буго ГьитIин-рохь. ЦIар гьедин букIаниги, гьеб рохь Къедир ругел цогидал рохьаздаса гьитIинаб гьечIо. Гьединлъидал пикру буго гьеб «ГьитIин» абураб рагIи цебе заманалъ «ГьатIан» абун букIун батилин. ГьатIан рохьоб къурбан хъвезе Къедиса насраниял иналъул бицен хутIун буго.
[150] Гьаб тIехьалъул тIоцебесеб бутIаялда балагье. Биценал. Каву. ГIалихъиличил МухIамадкамил.
[151] Гьебго тайпаялъул алфавит тIад бикIараб гамачI батана Къедиб ЦIад гьарулеб магIарда (Будалаазул мегIер) гьеб росдал школалъул географиялъул мугIалим М. Гъазиясда.
[152] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля. С. 6.
[153] Гьенибго. 6 гьум.
[154] Гьаб кагътида жаниб бицунеб буго XV гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.
[155] Гьев Мирзабегилги гьесул амирлъиялъулги хIакъалъулъ цоги батIияб баян лъазабизе кIвечIо, Къедиб-Сасикьги гьесул яги гьесул наслабазул хIакъалъулъ бицен батичIо. РакIалде ккола гьенир рукIарал нуцабаз гьесул амирлъи къокъаб заманалда жаниб гьоркьоб къотIизабун батилин. Мирзабег абун цIар бугел гIадамал къедисезул руго.
[156] Кагъат батана ва гIарабалдаса гIурусалде буссинабуна тарихчи Т. М. Айтберовас. МагIарул мацIалде буссинабуна – авт.
[157] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля. С. 7.
[158] Ислам босизе бокьичIел гьидалъел 15 гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гочун Тушалъе анин буго тарихалда.
[159] А.М. Завадской, 1903г. С. 24
[160] Абизе бегьула гьел тIад руссунги рачIунел рукIанин. Къедиса уздензабазул тухумалъул цо гIадамаз абула жал ругин ЦIоралда ругел гьел гьанир рехсарал росабалъа рачIарал.
[161] И. Газимагомедов. Правители Ункратля и Киялала. Биценал. Гьединго гьаб тIехьалъул кIиабилеб бутIаялдаги балагье.
[162] Библия.
[163] «Къеди, гьанже Сабигулал Темерсултанил рукъ бугеб бакIалда цебе, къилбаялъул рахъалда, дида лъалеб заманалъги си букIана. Бицен буго, гьелъул рагьоялда тIад къадалъ лъун букIанин гамчIил гьабураб кIудияб хъанч (крест). Гьеб гьенисаги бахъун бекараб хIисаб буго нилъер росдал дибирасул тIалабалда рекъон. Асали Нуцалханил колода цеба майданалдаги букIанин гьединабго кIудияб хъанчин бицун букIана дида ХIанапица» (бицана МухIамадил Гъазияс).
[164] Тизенгаузен В. Г. Сборник материалов, относяшиеся к истории Золотой Орды. С. 123-124, 185-186. Т.II. М.,-Л., 1941.
[165] Шихсаидов А. Р. Ислам в средневековом Дагестане. (VII-XVвв.). С. 208-212. Махачкала 1969.
[166] Балагье гьаниб цебе лъун бугеб «ГIурадаса Муслимил хабар» абураб кагътиде.
[167] Атаев Д. М. Нагорный Дагестан в раннем средневековье (по материалам археологических раскопок в Аварии»). С. 201. Махачкала 1963.
[168] Бобровников В. О. Новые эпиграфические данные по истории Ислама в Северо Западном Дагестане//Дагестанский лингвинистический сборник. С. II. Вып. 6. М., 1999.
[169] Багулалы//Народы России. Энциклопедия. М., 1994. С. 394.
[170] Гьевго тарихчиясул пикруялда рекъон жибго Хунзахъе Ислам бачIун буго Белоканалдаса.
[171] Айтберов Т. М. Источники для изучения социальной структуры Дагестана XV XVIвв. С. 57-58. М., 1980.
[172] Тахнаева П. И. Христианство и ислам в Аварии. ГIурусалдаса буссинабуна – авт.
КЪЕДИ РОСДАЛ ТАРИХАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ЦО-ЦО БИЦЕНАЛ ВА БАЯНАЛ
- ГIахьвахъ районалъул ЦIолодисезги (гьанже Герзели чIарал) абула Къеди росу жидехъа арал гIадамаз гIуцIараб бугин.
- КIкIаратIисезул буго бицен, цебе заманалъ ЦIунтIа ва ЦIумада районалъул мугIруздаса рачIарал гIадамаздаса лъугьарал ругин жал абун[173].
- 1884 соназ гIурус хIукуматалъ гьарурал цо хъвай-хъвагIаязда[174] жаниб ГIахьвахъ районалъул ЦIалкIитIа росдал гIадамаз бихьизабун буго жидер росу бугеб бакIалда тIоцере рештIарал гIадамаз гьеб ракь босун бугин Къедиса амирзабазухъа.
- Тарихалда буго гьидалъез Ислам босанин гьижрияб 880 соналъ. Гьеб босизе бокьичIел гIадамал гочун Тушалъеги анин. Гьел соназ рачIун ратизеги бегьула Гьидалъел Къедире (авт.).
- Асир гьарурал ва лагълъиялда ругел тушал гIемер рукIун руго Ункъракьалъул росабалъ. РукIун руго гьединго гуржиялги гIурусалги. Гьел нахъе риччаялъул багьаги 19 гIасруялда 50-60 гъурущ букIун буго. Гуржиялги гIурусалги гьеб гIарцухъ бигьаго эркен гьарулел рукIун руго, амма тушал къанагIат гурони риччалел рукIун гьечIо[175].
- Къедир гIадин Хъварширги рукIун руго Хунзахъа рачIарал нуцабазул чагIи. Жидер би бацIцIадал, къадру бугел гIадамал ругин абун, гьезул би хIалтIизабулеб букIун буго тохтурзабаз, захIматаб, жиндие цоги дару гьечIеб унти сах гьабизе[176].
- Хунзахъа Ункъракьалде рачIун руго (нуцабазул) анкьго вац. КIудияб Росулъ[177] рештIун вуго Нуцалхан (Алдам), Сасикь – МахIмуд, Силдив – Арсланбег, Гьакъов – ГIалихан[178].
- Цебезаманалъ гьакъосез ва цогидал Ункъракьалъул росабазул гIадамаз Къеди росдада КIудияб росуян абулеб букIун буго[179].
- Гьакъоб мажгит цIи гьабулаго ракьулъ ратун руго тIухьидул гьарурал ункъбокIонал рогIрал, цебе заманалъго мажгиталде лъим бачине лъун рукIарал[180].
- Хунзахъа ханзабаз жидер ханлъиялда гъоркь ругел росабалъа магъ ало бахъулеб букIун буго жаниб цIа бакулеб щибаб гъансито рикIкIун[181]. Цо рокъоб жаниб гьединаб гъансито чанго бугони ва щибалда жаниб рахъуги батани, гьеб жиб-жибалда тIад магъало лъолеб букIун буго[182].
- 2001 соналъ къватIибе биччараб «Восстание» абураб тIехьалда буго Гъоркьгьаквариб Шамилил заманалъго бараб мажгиталъул къадалъ гамачI бугин «ЛъикIлъигун вачIарав силдисев нахъе чIваге» - ян хъвараб. Гьелъие гIиллаги бугин гьакварисезул гIиги бахъун унел тушазде данде силдал лъугьин. ГIараб мацI лъалел гIолохъабигун гьелъул хIакъикъат цIехезе ниж щвана Гъоркьгьакварире. Гьеб хабар рагIарав чиги нижеда гьенив данделъичIо, гьезул мажгиталъул къадалъ гьедин хъвараб гамачIги батичIо.
- ЧIамалазул жамагIатазде Хунзахъа ханасул кагъат: «Гуржиялъе давлаялде унел къокъабазе (нужер ракьалдасан) гьенире ине квал-квал гьабе ва гьукъе, гьелъухъ дица нужее лъикIаб мухь кьела»[183].
- Хундерица Къеди росдал хIакъалъулъ абулеб букIун буго: «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу» ва «Къеди – кIиабилеб Хунзахъ»[184].
- Хашаевас хъвалеб буго, батIиял мацIазул гIадамал багвалаздаги, тIиндаздаги, чIамалаздаги гьоркьор, Ункъракь абун магIарул цIар бугеб бакIалда цадахъго магIарулазул 8 росу щай ва кисаян цIех-рех гьабулаго лъанин гьел гIадамал хундерил росабалъа рачIун гьенир чIарал рукIин ва гьел киназго жидеца пайда босулеб ракьалъул магъало Къедиса нуцабазе кьолеб букIараблъиги. Абизе бегьулин гьеб ракь магIарул ханзабаз лъихъан бугониги бахъун батилин ва гьенив чIезе жидерго рукъалъул чиги витIун вугин.
- ГIурус пачаясул гинарал Клюки Фон Клугенауяс 1839 соналъ гьарурал хъвай-хъвагIаязда жаниб буго 1837 соналъ тушазул 3 росу хъамал гьабураб магIарулазул боялъе бетIерлъи гьабунин Ункъракьалъул кверщел жидехъ бугел нуцаби АмирхIамзаца ва Малачица. Гьел росабаз гьезие магъало кьолеб букIанин (Омало, ШенакIо, ДикIло). «Сасикь, Къеди ва Силди росабиги гьез жал бетIергьаналлъун рикIкIуна, щайгурелъул гьеб ракь гьезул букIиналъ ва, гьединлъидал, гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез щибаб лъагIалие цо-цо чахъуги, цо-цо къали тIорщалилги, лъаб-лъаб къо хIалтIулги босула».
- «…Абумуслимил аскараз мутIигI гьаруна гьезул росаби, рахъана шагьарал ва гIадамазда босизабуна Ислам. Цинги гьел рахана мугIрузде – Авариялде (Хунзахъе). Аваразул хан Байар, Суракъатил вас, нуцалин жинда абулев, жиндирго богун, гIагарлъи-хъизангун лъутана жиндир ханлъиялда гъоркь букIараб Туш мухъалде[185]».
- «Бугеб биценалда рекъон, хундерил хан Баяр, цо рагъулъ къун хадув, жиндирго хутIараб аскаргун Ункъракьалде лъутула ва гIумру гьабун Къедив чIола. Аскар цадахъ букIиналъ гьесда кIола гьенир гъоркь рукIарал гIадамал мутIигI гьаризе ва гьезул ракьазда тIад кверщел гьабизе»[186].
- «Цо заманалдаса гьев, жиндие нагIана батаяв Суракъатил вас Байар ГIаббасил вас ГIамирсултIаница, жинда нуцалин абулев ва Исламалдаса лъутун капурзабазухъе жив арав цинги гIумру гьабун Тушалъги вукIарав, жиндир боялда гьарана инсул бакIалде тIад вуссине кумек ва ЦIунтIаса байбихьараб ГIариштIи[187] щвезегIан аскIарги бакIарун сардилъ балъго Хунзахъе вачIана ва гьенир рукIарал мунафикъзабазул кумекалдалъун (Абумуслимица гьенив амирлъун тун вукIарав) ГIамирахIмад чIвана. Гьединго гьез чIвана гьенир рукIарал цогидал бусурбабиги. Гьедин жиндир инсул ханлъиги бахъун гьев тахида рештIана, цересел гьесул умумул рештIун рукIараб гIадин»[188].
- Тушаз абула жал Дагъистаналдасаги, Чачаналъаги, Гуржиялъаги рачIарал гIадамаздаса лъугьарал ругин[189].
- Дагъистаналда тIад бищун ахиралда жидеца ислам босарал гIадамал руго цIунтIал. (18 гIасруялъул ахир - 19 гIасруялъул байбихьи[190]).
- 1844 соналъул цо хъвай-хъвагIаялда жанив Къедиса Алдам вихьизавун вуго Дагъистаналъул БакътIерхьул рахъалда бугеб Гьаквари мухъалъул росабазул ва жидеда гьоркьор Кьохъ ва Силди росабиги ругеб цолъиялъул кIудиявлъунги, Къиялъ ва Къеди росабазул бетIергьанлъунги[191].
...........................................................
[173] Тарихчи МухIамадов Р.М.
[174] ЦИАГ. Ф. 231. «Прошения разных лиц об отыскивании ими личных прав (из россыпи)». Материалы Сословно-Поземельной Комиссии.
[175] Тарихчи МухIамадов Р.М. [176] Тарихчи МухIамадов Р.М. [177] Къеди. [178] МухIамад ХIусенов, «БагIараб Байрахъ» казият, 1990 сон, 24 ноябрь.
[179] Гьакъосез бицана.
[180] Къедиса МухIамадил Гъазияс бицана.
[181] «ЦIараки» яги «КIкIуй».
[182] Тарихчи МухIамадов Р.М.
[183] Тарихчи МухIамадов Р.М.
[184] Хунзахъа Хъайтмаз Аварский.
[185] МухIамад-Рафи. Тарихи Дагъистан.
[186] Полевой материал. РФ НИЯЛ. Ф. I, оп. I, ед. хр. 483,лл. 2-3.
[187] Гъалгъаялъ Асса гIурул кваранаб рагIалда бугеб росу. Бамут росдада гIагарда.
[188] МухIамад-Рафи. Тарихи Дагъистан.
[189] А.М. Завадской, 1903г. с. 24.
[190] Воронов, 1868, с.13.
[191] Мочульский А. ч. 1, л.73, 134.
МухIамадил Гъазияв:
- Къеди, гьанже Сабигулал Темерсултанил рукъ бугеб бакIалда цебе, къилбаялъул рахъалда, дида лъалеб заманалъги си букIана. Бицен буго, гьелъул рагьоялда тIад къадалъ лъун букIанин гамчIил гьабураб кIудияб хъанч (крест). Гьеб хъанч гьенисаги бахъун бекараб хIисаб буго нилъер росдал имамасул тIалабалда рекъон. Асали НуцалханилКЪЕДИ колода цеба майданалда ракьулъа баккунги букIанин гьединаб хъанчин бицун букIана дида ХIанапица. - Вабаъ унтиги баккун тIагIарал гьидалъезул Къедив лъабго чи хутIун вуго. Гьеб унтиялъ хварав ахирав чиги хабалъ вукъун гьел нахъе ун руго росулъецин щвечIого, Нахъамагъилъа эхере. Хелекьщобилъе щведал лъалхъун, росулъеги балагьун, гьез абун буго: «Гьениб букIа гьанже тIад гьуриги пун, пурчIина гурого бижулареб ракь», - ан. Гьедин вабаъ унти баккараб мехалъ нилъер мухъалда росабазда гьоркьоб хъаравуллъи толеб гIадат букIун буго, гIадамал цоцахъе ин гьукъизе. Холел хун, рахъулел рахъун Къедиса нахъе буссиндал гьеб унти баккун буго Гьаквариб ва гьениса чи вачIун вуго щиб дару сабаб гьелда данде гьабураб абун цIехезе. Хъаравулзабаз гьев росдал рагIалда бугеб лъар бахизе тун гьечIо - къваригIел гьикъун буго ахIун. Гьеб гьес бициндал, щиб дару ва кин гьеб гьабурабги хъван кагъат бухьун буго халатаб гIералда ва гьеб лъарал добцояб рагIалда вукIарав гьакварисесухъе бегьун буго.
ГъазимухIамадил АмирхIамза:
- Чиги чIван вахчизе ккарав хундерил нуцабазул цо вас, рецIел босун чIванин абун хабарги биччан, гьеб заманалъ хунзгун ракълида рукIарал гьидерил кIудиясухъе цIунизе щвезавула гIагарлъиялъ. Гьесги гьев байбихьуда гьеб мухъалъул цо росулъ вахчун вукIуна ва хадув вачун жиндирго чагIазухъе Къедиве щвезавула[192]. Нилъер умумузул къагIида букIун буго Хунзахъги Къедибги гьоркьоб бухьен чIезабизе гIоло цереса-цере, цоялдаса балагьун цогидаб бихьулеб бакIалда гохI-щобазда цIаял ракулеб. Щибаб гьединаб бакIалда сиялги ран, хъаравуллъи гьабун тарал цIа бакулел гIадамалги рукIун руго гьезул. Гьедин лъазабулеб букIун буго тушман гIагарлъун вукIиналъул яги цоги гьелда релълъараб кIвар бугеб ишалъул хIакъалъулъ хабар цоцада. Кавуялъул бищун борхатаб гохIда тIад, гьанже телевизоралъул шурмалги рукъги бугеб бакIалда дун гьитIинаб мехалъги жеги биххун лъугIичIеб сиялъул къадал рукIана. Росдал гIадамаз гьелда «Аслаханил си»-ян абулаан. Гьев Аслахан АмирхIамзалазул чи вукIанин ва гьесул цIар лъурав вукIанин немцазулгун букIараб рагъда тIагIарав Сурхайил Аслаханин букIана нижер рокъоб кидаго бицен[193].
.......................................................
[192] Гьаб бицен бухьараб батизе рес буго 1730 соналъ ккараб цо питна сабаблъун эмен Гьанкалав, нуцал чIван хадув, Хунзахъа гочун Къедиве вачIарав АмирхIамзада яги 16 гIасруялдаго ккараб цо гьединабго питнаялъулъ Булач-нуцалас Хучада чIварав ХIажигIали нуцаласда. «…Булач-имгIалас эменги гьесул агьлуги чIвалаго гьениса лъутун ТIиндиве ворчIарав Гъанбулат КIкIаратIе уна…». (Щ. ХIапизов. ХIажигIали-хвалчадулав). Къеди бицен буго кIкIаратIисезул кумекалдалъун рачIанин Къедире нуцабиян абун.- «КIкIаратIисезул кумекалдалъун рачIана Къедире нуцаби..». (1884 соналъ гьабураб цо хъвай-хъвагIаялда жаниб къедисезул хабар). Бицен мухIкан гьабула Къедиса МухIамадсултIаница, ГIашикъилазул МухIамадица ва АмирхIамзаца бицараб, гьаб тIехьалда лъун бугеб хабаралъги.
[193] «…Кавуялъул бищун борхатаб гохIда тIад рукъги бан вукIун вугин Аслаханин цIар бугев цо къокъав чиян бицунаан дир инсуца…». (Хъазил МухIамадил Завурбегица бицана).
ГIалихъиличил МухIамадкамил:
- Шамилил заманалдаса цебе Къедиса нуцабаз жидедаго гьоркьоб бикьун букIун буго жал бетIергьанаб Ункъракьалъул киналго мугIрузда ва гIалах-ракьалда тIад хIакимлъи. Сасикь чIарал, гьанже «Даитилал» ва «БацIилал» ин жидеда абулел Къедиса гIадамазул умумузул тIалабалда гъоркь букIун буго АсаликIалдаса эхебе бугеб ракь. Чачаналъ жаниб ракь: Шаро-Аргуналде щун, Хонокь, Хашакь, КIесели, Сандакъори ва цогидал бакIал Къедиса Сурхайил умумузул бетIерлъиялда гъоркь рукIун руго. Гьединго, жалго жакъасел сасикьезда лъалеб ва гьезухъги бицен бугеб жо буго, гьезул росдада тIад «Басриял хабал» ва гьанже школа бугеб бакIалдаса эхеде бакъда ругел хурзалги гьев Сурхай бетIергьанал рукIараблъи. Гьез гьеб майданалда ХIарималъул ракьинги абула. Къедиб бугеб ракьалда бижулареб гьоло, хъабахъ, цIоросаролъ хьалаанила гьес гьениб. Гьел киналго ракьазда тIад балагьи гьедин бикьун букIаниги, гьенир ругел гIадамазухъа бакIарараб магъало: щибаб кIкIуялдаса кIи-кIи сахI тIорщалил, цо цо гIиялъажо ва лъаб-лъаб гулла-хер цо бакIалде – Къедибе бачIунеб букIун буго. Гьединго гьезда тIадаб букIун буго лъагIалил лъабго къоялъ гьел нуцабазе хIалтIизеги. Кидаго яргъид гIуцIун хIадурарал рагъухъабазул къокъаги букIун буго Къедиб, гьел нуцабаз цебехъанлъи гьабулеб ва гьеб магъалоялъул цо бутIаялдалъун жиб хьезабураб.
КАВУ
Кавуда бахъараб машинадул нух тIаде щун квегIиса сверараб бокIоналда дида лъалеб мехалъги гIебаб кьучI букIана. Инсуца гьенибе рищни-къул базеги чура-ххулараб жо тIезеги гьукъулаан, цебе масжид букIараб бакI бугин гьебин абун. 1844 соналъ Алдамгун цадахъ бухIараб сиги Кавудал бетIералда гуреб, доб нижер къебелъи букIараб бакIалда букIун буго. Гьенирго аскIор щобилъ рукIун руго пурчIина-ролъ ва цогидаб кванил сурсатал жанир цIунулел цагъралги. ГIараздаса босун гулги сверун бакIарун сиги мина-милкги бухIулелъул цадахъ рухIун руго гьелги. ГьабсагIаталъ хъирщун балагьаниги, нилъеда гьениб тIорщел бухIун хутIараб тIорччол гарал ратизе рес буго. Гьединго гьеб Кавудал тIогьалда нахъа, ЧагIичобакIалдехун бугеб майданлъиялда кьурул ракьандаги букIана биххараб сиялъул хутIараб кьучI. ХIисаб гьабураб мехалъ Кавуда тIад ран рукIарал киналго бакIал цоцалъ рухьарал, цоялдаса цоялде унеб нухцин къедалъ бахчизабурал ва тIасан кIамури гьабун тIох лъураб рукIараб мисал буго. Гьенисан гъоркье лъарахъе щвезегIан бугеб нухги гьединго тIох лъураб букIун буго[194].
.......................................................
[194] Сасикьа АхIмаднабил СайидмухIамадицаги гьедин бицана.
Насрудинил Писирхан:
- Къеди буго цебе гьидерил букIараб бакI. Нилъер хабалалъе ихх бачIун ччукIараб бакIалда аххада кIиго зани букIана: цояб бусурбабаз чIвалеб къагIидаялъ, цогидаб гьелъул гIаксалда чIвараб. Дица дир инсуда цIехон букIана гьеб щай гьедин бугеб абун. Гьес бицана, ТIиндиса цо ХIажимухIамадин жинда цIар бугев, гIадамаз жив воржулевин абулев чи вачIунаанин гьел хобазде зияраталъе.
ГЬИДЕРИЛ ХАБАЛ
АмирхIамзал МухIамад:
- Нилъер хабалалъ, доб «Гьидерил хабал» абулеб бакIалда къватIисан бараб къадалъ дида батана 1690 соназ хварав чиясул зани. Дир хIисабалда, гьеб букIине ккола гьидерил чиясул хабада букIараб. Гьеб гьениб къадалъе ккеялъе гIиллаги дида Хъазил МухIамадица бицун букIана. Цо соналъ живги жинда гIел бащадал гIисинал гIолохъабиги росдал жамагIаталъ тIамун рукIанин хабал сверун бугеб къед жагъаллъун букIун, гьеб щула гьабизе. Гьидерил хабал бугеб рахъалдаса гьеб цIидаса базе кколеб букIиналъ, жидеца гьел хобазул заналги гамачIги бакIарун къадалъ лъунин: «ГIелин гьанжелъизегIан гьанир рукIарал», - абун махсароги гьабулаго. Гьединлъидал ратила гьеб рахъалда заналги дагьал, хабазул къедги гьечIеб.
ГЬИДАЛЪЕЛ ВА МЕСЕДИЛ ЩУГО САХI
Нуцалханил ХIасбула:
- Веденор ниж ругеб заманалъ, гьенив вукIана МухIамад абун цIар бугев, гьабсагIат дидасаги заман барав Гьидалъа цо херав чи. Гьес цо нухалъ, дов нилъер рекъав ГIамирханги аскIов вукIун, дида бицана, Къедир рукIарал жидер гIадамалги вабаъ унтиялъ тIагIун, гьеб ракь цо заманалъ хутIун бугин тIад чи гьечIого. Цинги, Хунзахъа Сурхайилал абулел ханзабазул гIадамалги рачIун, гьез гьелда кверщел гьабун бугин. Гьез ритIун Гьидалъе чагIиги рачIун ругин, ракьалъул хIалаллъи цIехон, гьеб жидее бичеян абун. Гьидалъел гьелда разилъун руго ва гьеб ракьалъухъ жидее ункъго сахI меседил кьеян абун буго. Гьез абуралдаса цIикIкIун - щуго сахI меседги кьун, ракьул даранги гьабун[195], гьел гIадамалги тIад руссун руго. Жакъа нилъ Гьидалъе аниги, мухIканаб жо, нилъеда гьениб гьеб бицен батизе буго. Къедир рукIарал гьел гьидалъел вабаъ унтиялъ тIагIун ругин абун дир инсул вац Иландулацаги бицунаан.
[195] Балагье тIехьалъул 5 бутIаялда:«Дагъистаналъул магIарухъа ва Къиялъа магъало бакIариялда сверухъ хабар». Гьидерил ракь босиялъул хIакъалъулъ къедисезул хабар. 1884 сон.
ИбнухIажарил Халил:
- ТIиндибе, Хуштаде, Гьигьалъе щун, ЦIунтIе, Сагьаде, Гуржиялъе ва чачаназул Гьима гIурухъе гIунтIун гьаб кинабго нилъер мухъалда бугеб ракь Къедиса нуцаби бетIергьанаб, гьез тIалаб гьабулеб, гьезие магъало бакIарулеб букIун буго. Гьанже сасикьел тIад ругеб ракьги гьеб заманалъ рохьил, заз-хъарахъалъул цIураб букIиналъ хIалтIизабизе бажаричIого, гьел нуцабаз брак гьабун тараб букIун буго. Гьеб гьедин тараб бугин абун бараб сиги букIун буго гьениб. Гьединлъидал тIоцере гьенир гIумру гьабизе риччарал Хелекьуриса чагIазда «сиялда гъоркьалин» абулеб букIун буго, «сасикьелин» абун гьанже бугеб цIар заман индал гьелдаса сверун лъугьараб буго. Цоги бицен буго Къедибе Гуржиялъацин магъало бачIунеб букIанин абун. Гьедин букIун батиларин ккола дида, амма нилъер чагIаз гьенире чабхъаде, давлаялъе ун, бахъун боцIиги рикъун гIадамалги рачIунел рукIараблъи лъала. Цоги дида лъалеб жо буго магъало бачIунеб букIараблъи чIчIамалазул мухъалдаса байбихьараб добе ЦIунтIе, Гуржиялъе, Чачаналъе щун росабалъа, щай гурелъул гьел гIадамал рукIун руго нилъер нуцабаз гьенир росаби разе риччарал. Магъалоялъул къадарги Хунзахъ чIезабулеб букIун буго, бакIарун хадуб гьелъул цо бутIаги гьенибе битIулеб букIун буго.
КIКIАРАТIИСЕЗУЛ ХАБАР
- Цебе заманалъ вабаъ унтиги цоги гьелда релълъарал гIиллабиги сабаблъун нижер росабазул гIадамал гочарулел рукIун руго Дагъистаналъул батIи-батIиял ракьазде. ГIи-боцIигун чияр мугIруздеги унел рукIун руго гьел, цо-цо мугIрул гьез жидеего ккунги рукIун руго. Гьедин гьеб заманалъ ккурал[196] мугIрул руго нижер Ункъракьалда Гьакъо-Силди ва Къеди росабазда аскIор. Гьел мугIрузда ругел гIиялги гIухьбиги къиялазул цIогьабаз толарого рукIиналъ нижер умумуз гьенире гIадамал ритIун руго ва гьел гIумру гьабун гьенирго чIун руго. Нижехъ цоги бицен буго КIкIарал мухъалдаги цоги сверухъ ругел ракьаздаги тIад кIудиявлъун вукIарав Малал хIакъалъулъ. «КIкIирдал хан»-илан абулаанила гьесда. ТIиндире щвезегIан ругел росабалъацин магъалоги бакIарулаанила гьес. Гьесул гьудуллъи букIун буго гьеб заманалъ Хунзахъ ханлъун вукIарав Ибрагьим ханасулгун. Гьев ханасулги Малалги къотIиги букIун буго кIкIаратIисезул ракьалде хунзахъел рачIинчIого рукIине. Амма гьев цо нухалъ къотIиги хвезабун жиндирго богун Къеди магIарде вачIун вуго ва гьенив цо иццухъ рештIун вуго. Гьеб бихьун буго силдисезда. Гьеб лъарав Мала жиндирго гIадамалгун гьесда тIаде ун вуго. КъотIиялда рекъон щай чIоларевин Малаца гьикъидал Ибрагьимханас жаваб кьун буго, жив как базе лъалхъун вукIанин ва, жиндир ракIалда квешаб къасд гьечIеблъи бихьизабун, Малаги гьесул гIадамалги ахIун руго жиндир гIадамалгун кьвагьдеялъул къецалъулъ гIахьаллъизе. Бергьаразе оц кьелинги абун буго. Гьелда разилъарав Малаца: «Нужедаса къуни, дица чIужуялда цIар тIамизе буго» - янги абун, гьалмагъзабазда малъун буго къецалъул байбихьуда кьвагьдезе лъалареллъунги хIан хунзахъел тохлъизарейин. Гьеб къецалда кIкIаратIисел бергьун руго, гьезие оцги кьун, жиндирго къапилаги бачун Ибрагьимханги нахъе ун вуго. Гьев Малал вукIун вуго анкьго вас, гьезул цояв - Турач-гIали. Гьев Турачица йикъун йиго Чинчарал яс ва гьейгун цадахъ вахчун чIун вукIун вуго. Цо нухалъ гьев Чинчарал хIамул рачIун руго тIощелгун гьабихъе. Турачица ханжуги бахъун хIамул нахъе риччан руго. Гьелдаса хадуб Чинчарацаги гьесул гIагарлъиялъги хIукму гьабун буго Турач чIвазе, амма, вугеб бакI лъаниги, гьесда тIаде ине кIоларого рукIун руго. Цо рузман къоялъ мажгиталъул хIавузалда кьижун ватарав гьесда Чинчарал гIагарав чи Халилица чохьолъ ханжар къазабула. Лъукъарав Турачида кIун буго, хадувги векерун, гьев Халилидаги кIиго нухалъ ханжар кьабизе. РетIелалда гъоркь къолденгун вукIарав гьесие гьелъ зарал гьабун гьечIо. Гьедин Турач-гIалиги чIван, гьел рачIуна нусго сон барав, беццлъун бусада вугев Малахъе ва гьевги чIвала. Цинги гьез ккола Турачил лъабго лъимал ва цо рокъор жанир тIамула. Гьезие гьабизе жоялъе ургъулаго гьезул цояс абула: «БацIил тIанчIазул бацIал гурого лъугьунаро», - ян ва гьел жанир ругеб рукъалда цIа гъола.
....................................................
[196] 1840 соназде щвезегIан Къедиса нуцабазе ясахъги кьун кIкIаратIисез росулел рукIарал, цинги – Шамилил Имаматалда, хадур, гIурусазул заманалъ, КIкIаратIаса ХIажияв наибасги ХIадис наибасги жидеего ккун пайда босулел рукIарал.
Сасикьа БацIилазул Арсланбег:
- Гьанже ругел Сасикь ва Къеди росабазе тIоцебе кьучI лъураб бакI буго Къеди. Нилъер бакIалда чIей гьабун гъоркь гьидалъел рукIадго тIаде рачIун руго Хунзахъа нуцабазул 18 хъизан. Гьел гьедин рачIиналъе гIиллаги букIун буго гьеб ракь хундерица гьидерихъа босун букIин. Гьел хунзахъезул кIигоял рукIун руго нуцабазул чагIи – кIиго вац. Гьезул цоясул руго Алдамилал, цогидасул – ниж, Бурашилал. Гьелдаса хадур гьидалъел гьенисан нахъе анинги абула, киналго инчIого цо-цоял хутIун ратизеги бегьула.
Гьел гьидалъел нуцабигун цадахъ гьанир чIун гIумру гьабулел рукIараблъи бихьизабулеб цо гьадинаб хабарги буго. ТIоцере Къедире рачIарал нуцабазул кIудияв МухIамадханил 500 гIиги вехьги вукIун вуго Къиялъ магIарда. Гьев вехьасе къваригIарабги лъазе, вехьасдаса къваригIарабги лъазе цоцахъе битIулеб, гьанжесеб къагIидаялъ абухъе, «почтовый» гьвеги букIун буго гьезул.
Цо нухалъ сивунир гIодорги чIун хабар-кIалалда гьел рукIадго, бачIун гьеб гьве рагьдухъ чIола ва рахIат хун гьаркьахине лъугьуна. Гьелъул гIамалалъухъ балагьун цо жоялда щаклъарал гьез Къиялъе гIадамал ритIула вехьасулги гIиялги хIал цIехезе. Гьезда гьенив вухьун гIодов рехун вехьги ватула кинабго гIиги цIогьаз бачун ун батула. Биценалда рекъон, гьел хундерица кумек гьарун ахIи бан буго Къедир рукIарал гьидерида. Гьелги цадахъ лъугьун цIех-рех гьабидал бикъун букIараб гIиял цо дагьал чахъаби гурони нахъе щун гьечIо. Гьел нуцабазул Сасикь бугеб наслуялъул чIей буго Тархъу авалалда. Гьеб буго росдал советалъул гьанжесеб рукъалда ва цебе клуб букIараб бакIалда сверухъ бакI. Дида лъалеб мехалъги гьенир ругел минабаздаса минабазде, бокьаздаса бокьазде, жаниса-жанире цоцалъ хьвадизе бегьулел рагьаби рукIана, нагагь рагъ ккани, рахчизеян гьарурал. Къедиса нахъе гочунел гьидалъел ине кколел рукIун руго чIамалазул мугIруздаса ва гьезул росаби, мегъ къотIун. Гьедин унел гьезул къокъаялде тIаде чIамалазул цо-цо гIадамаз гъара гьабун боцIи бахъун, гIадамал чIван руго. Гьеб иш гьабулаго гьез цоцаде ахIулеб букIун буго: «Гьизбула гьоо тIана, гъабачIи гьоо тIана!» - ян. (Авар. «РетIел лъикIав чIвай, хьитал лъикIав чIвай!»).
Сасикьа АхIмаднабил СайидмухIамад:
- ГьагIмади Алдамил иццдаса байбихьараб Гуржиялъе щун, ГIанди гIурул мухъалде тункун ракьалъул кверщел жидехъ бугел Къедиса нуцабаз Хунзахъ бугеб гIагарлъиялда мугъчIвайги гьабун, хIакимлъи гьабулеб букIун буго сасикьезда гуребги, гьенир сверухълъиялда ругел цогидалги росабазул гIадамазда тIад.
Гьакъоса Хъазанатил МухIамад:
- Цо заманалъ Къеди базар букIанин бицунаан нижер умумуз. Гъоркьа эхеде хьиндалалги, чIамалал-багвалалги, тIаса гъоркье нилъер эхедемухъалъул гIадамалги, чачанал-гуржиялги данделъулаанила гьенир даран-базаралъе.
Гьакъоса МухIамадил ГъазимухIамад:
- Тарихалда бугин абула Ункъракьалъул киналго росабаз магъало Къедибе кьолеб букIанин. Гьедин букIун батизеги бегьула, амма дида гьелъул мухIканлъи лъаларо. Нижехъ бицен буго тIиндал къедисезда тIаде кIанцIиялъул. ХIисаб гьабидал, гьеб иш ккун букIине бегьула Шамилил заманалдасаги цебе. Буго цоги бицен Ункъракьалъул мугIрузда ГIандуникI нуцаласул бодулгун гуржиязулги ункъракьалъулазулги цолъараб бодул ккараб рагъул хIакъалъулъ. Гьеб рагъулъ гьев ханасул гIадамал къола. ЦIумада гIурухъа ва Сасикь – Къеди сверулеб бакIалдаса, Хъварши кIкIалахъа ва Эчедиса тIадехун нухалги къан жаниб сверизабураб хундерил бодул цо бутIа гьез гъурула, цогидаб – букIараб ярагъ–матахIги, мадарабщинаб ретIел-хьитги бахъун, нахъе биччала. Гьеб иш сабаблъун жакъаги хундерил чагIазе нилъ рокьуларо. Цо бакьайчIисес дида бицана цебе жидехъа кIудиял чагIаз абулаанин: «Воржун унев вихьаниги, ункъракьалъуласда хадуб жо речIчIе», - ян. Сверухъ кибго жиде-жидер мацIал ругел халкъазда гьоркьор магIарул мацIалда кIалъалел гIадамазул микьго росу Ункъракьалда букIиналъе гIилла бугин абула гьеб ракь хундерил чагIаз гуржиязухъа бахъараб букIин. Нилъги цоял гьел гуржиязул, цогидал хундерил, лъабабилел - доре-гьаниса рачIун рещтIарал гIадамал рукIин баянаб жо буго. Гьакъоре гIадамал рачIун руго Къедисаги, Къиялъаги, Гьидалъаги. Нижер хабалалъ Гьидалъа вачIарав цо кIудияв шайихасул хобги буго. Къедирги гьидалъезул хабал буго.
ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:
- Хунзахъ вукIарав Суракъат ханасул ракь букIун буго Къиялъ Гъалгъатибе щун, Гуржиялъ Тушалъе гIунтIун, Хонокь, Хашакь ва кинабго Ункъракьги. Къедисезул ракьги цо заманалъ гьидерил гIадамазул роол гIалахлъун букIун буго, гIигун, чIегIер боцIигун риидал рачIунеб, хасало жибгоги толеб. Гьидерица Къедиб ракь рехун теялъе гIиллаги бугин абула гьеб хасало квачараб букIин[197]. Гьез тун хадуб ккун бугила гьеб Хунзахъа рачIарал нуцабаз.
[197] Балагье тIехьалъул гьаб бутIаялъул байбихьуда лъун бугеб макъалаялде. «ГьитIинаб цIорол заман». («Малый ледниковый период»)
......................................
(Хадусеб 4 бут1а "ШАМИЛИЛ ЗАМАН")
Свидетельство о публикации №226032901872