Къеди ва къедисел. 4 бутIа. Шамилил заман1834-1859

КЕДИ И КЕДИНЦЫ
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 4
Шамилевские времена (1834-1859 годы)
(На аварском языке)

Вступление

ЦЕБЕРАГIИ

ГIага-шагарго, 1830 соназдаса байбихьун 1859 соналде щвезегIан гьоркьоб араб заманалда «шаригIаталъул» яги «Шамилил» заман абула. Гьелда цересел ва гьел соназ Дагъистаналъул мугIрузда букIараб хIалалъул хIакъалъулъ хъвараб гIемераб кагъат-хабар буго, гьединлъидал тIехьалъул гьаб бутIаялда бицине буго цохIо Ункъракьалда жаниб ва сверухъ букIараб хIалалъул ва ккара-таралъул. Гьеб заманалда хурхарал, хал гьабизе ва жаваб батизе мустахIикъал суалал руго гьал:
1. Имамзаби рахъиналде Ункъракьалда ва гьелда сверухъ букIараб хIал.
2. Имамзаби рищиялъулъ ва гьезул байбихьул хIаракаталъулъ ункъракьалъулазул  гIахьаллъи-гIахьаллъунгутIи.
3. Къедисел ва имамзаби.
4. Къедисел ва Россия.

ИМАМЗАБИ РАХЪИНАЛДЕ УНКЪРАКЬАЛДА ЖАНИБ ВА СВЕРУХЪ БУКIАРАБ ХIАЛ

Гьаб тIехьалда лъун ругел, тарихияб гIелмуялда жанирги хIукуматалъул архивазда ва гIадамазухъги цIунун ратарал хъвай хъвагIаязулги, гьединго халкъалда гьоркьор ругел биценазулги хIисаб гьабидал бихьулеб буго имамзаби рахъиналде Ункъракь (Къиял мухъгун цадахъ), жиндиего хассаб гIадлу-низамги бугеб, лъидаго бачIеб ракь букIараблъи. Гьеб «эркенлъи» ункъракьалъулазе щун батизе буго 1801 соналъ Аваразул пачалихъалъул хан КIудияв ГIумахан хун хадуб Хунзахъ гьел ханзабазул рокъоб багъарараб хIапу-чапур сабаблъун. Гьелдаса нусго соналъ цебеги Ункъракь жибго жиндаго чIараб ракь букIараблъи бихьизабулел цо-цо хIужаби ругониги, тарих гIелмуялда жаниб гьеб пикру гьедин щулалъун буго.
Щулиял далилалги ругеб, тIад кIалъазе бакIги гьечIеб жо буго жинда гьоркьоб цо къадаралда гурони гIадатиял гIадамазул гIахьаллъи гьечIого гьеб ракьалда тIад хIакимлъи Къедиса нуцабазухъ букIараблъиги. Щай ва кинаб къагIидаялъ гьеб букIараб, кинал гIорхъабазда жанир щал росаби гьеб «хIукуматалда» гьоркьоре унел рукIарал, щиб даража гьел росабазул букIараб абурал суалазе жавабалги гьаб тIехьалда лъун руго.

ИМАМЗАБИ РИЩИЯЛЪУЛЪ ВА ГЬЕЗУЛ БАЙБИХЬУЛ ХIАРАКАТАЛЪУЛЪ ГIАХЬАЛЛЪИ

Генуса ГъазимухIамад ва ГьоцIалъа ХIамзат имамзабилъун рищулеб бакIалда, гьединго гьезул рагъулаб хIаракаталъулъ ункъракьалъулал гIахьаллъиялъул баянал нижехъ гьечIо, амма Генуса Шамил имамлъун вищиялъулъги гIахьаллъарал, гьесул имамлъиялда данде чIарал бакIалъулал гIадамазулгун ва къватIиса тушбабазулгун гьес гьарурал рагъазулъги рукIарал гIадамазул хIакъалъулъ тIехьалда бицун буго.
Баянаб жо буго «Эркенлъиялъе гIоло халкъияб багъа бачари» ян балшевикIаз цIар тараб гьеб хIаракаталда гьоркьоб, гьелъул байбихьуда цIакъ дагьал гIадамазул гурони гIахьаллъи букIинчIолъи, гьелъул рахъ кколездасаги гьелда данде чIарал гIемерго цIикIкIун рукIараблъиги. Гьединабго хIал букIана ункъракьалъулазулги. Къарахъа МухIамадтIагьирил хъвай хъвагIаязда жаниб буго, Шамил имамлъун вищарал соназ гьесдаги гьесул имамлъиялда данде чIараздаги гьоркьоб Харахьи ккараб цо рагъулъ хундерил рахъ ккун ункъракьалъулалги рагъанин абун[198]. Буго гьединго, 1837 соналъ ГIашилтIа ва Игьалир ккарал рагъазулъ Шамилил рахъ ккун бахIарчилъиялда гьел рагъиялъул хIакъалъулъги. Гьебго заманалъ, цоги гьединабго рагъул байбихьуда ккун-къан чIоларого кIудияб шавкъалда рукIарал гьел, гIурусаз гIедегIизаридал, рехун Шамилги тун нахъе анинги буго[199].
1840 соналдаса хадуб цIияб къуваталда рагъ багъаридал, цогидал магIарулазулго гIадин, ункъракьалъулазулги гьелда жаниб гIахьаллъи цIикIкIана. Гьелдаса хадуб гIуцIун букIана Имамат пачалихъ ва гьелда гъорлъе унел халкъазда тIад гьабун букIана рагъуе боцIудалъун кумек гьабиги, сахал, балугъал бихьинал рагъде рахъинги. Цо кинаб букIаниги гIилла-гIузру гьечIого гьелдаса рорчIизе ресги лъилго букIинчIо.

КЪЕДИСЕЛ ВА ИМАМЗАБИ

Имамзабаздаги гьезул хIаракаталдаги данде ярагъгун къеркьолел къокъабазда гьоркьор къедисел яги цогидал ункъракьалъулал гIахьаллъиялъул баянал цIакъ дагь руго ва гьезул цо-цоял гьанир цере рехсана. Руго цо-цо хъвай-хъвагIаял, 1838 соналде щвезегIанги, ай АхIулгохIда рагъал ккезе цебесеб соналъги, Ункъракьалда ва гьелда сверухъ ругел цо-цо бакIазда тIад имамзабазул кверщел букIинчIолъи бихьизабулел[200].
Имамзабазулгун жалго къедисезул букIараб гьоркьоблъиялъул бицарал баянал руго 1837 соналъ ва 1840 соналдаса хадур ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ ругел тарихиял хъвай хъвагIаязда жанир. Нижер хIисабалда, гьезда гьоркьоб бищунго кIвар цIикIараб буго 1840 соналъ Шамилил Имаматалъул байтулмалалде Даргъобе бачIунеб букIараб хазинаялда гьоркьоб «Къедиса нуцабазе кколеб хараджги джизятги букIана» абун, Шамилил вукIарав наиб Гьигьалъа ИманмухIамадил бихьизаби.
Гьелдалъун абизе бегьула, бокьун яги бокьичIого букIаниги, къедисел гьел соназ Имаматалъул хIукуматалъе мутIигIал рукIанин ва, цоги жоялъул бицинчIониги, гьеб пачалихъалъул хазинаялда жаниб къедисезухъан бачIунеб букIараб бутIаги гIезегIан кIудияб букIанин.

КЪЕДИСЕЛ ВА РОССИЯ

 Гьаниб цебе нилъеца бицана 1838 соналъги Ункъракь Къиял мухъалда тIад, Къедиса нуцабазул гуреб, цоги батIияб кверщел букIинчIин. Гьеб буго Шамил Дагъистаналъул имамлъун вищаралдаса 4 сон араб заман. 1829 соналъго байбихьараб имамзабазул ахIи гьенибеги щун букIараблъиялда ва бакIалъулал гIадамазе гьелъ кIудияб асар гьабун букIун батиялда щаклъи гьечIо. Амма гьел гьеб ахIиялъе жаваб гьабун цадахъго къватIире рахъиналъул яги боцIудалъун имамзабазе гьез квербакъи гьабиялъул баянал цIакъ дагь руго.
Гьелъул гIаксалда, гIемерал хIужаби руго, имамзабаз байбихьараб гьеб багъа-бачариялъ асар гьабурал ункъракьалъулал жидерго амирзабазда данде рахъин бихьизабулел. Гьеб гIиллаялдалъун ва жидедаго гьел мукIур гьаризе бажаризе гьечIолъиги бихьун, Ункъракьалъул амирзаби - Къедиса нуцаби хIажаталлъун ккана къватIисан кумек цIехеялде ва гьеб мурадгун 1838 соналъул риидал Туплисалде Россиялъул хIукуматгун гара чIвариял гьаризеги ана. Жидее гьединаб квербакъи гьабураб ани, гьел амирзабаз Россиялъул аскаразе хъала базе абун кьолеб букIана Къиялъ тушазул гIорхъода бугеб Сандакъори росдал ракь. ГIурусал гьелда разилъичIеб хIисаб буго – Сандакъориб гьез хъала бачIо, ва, цогIаги нухалъ гьеб рахъалдаса жанибе Дагъистаналдениги Къиялъениги, гьезул аскар бачIиналъул баянги тарихалда данчIвачIо.
1840 соналдаса хадуб, кинабго магIаруллъиялдаго гIадин, Ункъракьалдаги Къиялъги Шамилил хIакимлъи щулалъидал, гьесул наибзабаз жидехъа амирлъи бахъарал Къедиса нуцаби загIиплъана. Жал чIвазеги жидер магIишат талавур гьабизеги цо пуланал гIадамал рачIараб 1844 соналде Россиялъулгун гьезул бухьен букIанин яги гьел Шамилил ишазда данде чIун рукIанин бихьизабураб, жиб далиллъун босизе бегьулеб цогIаги хIужа тарихалда батичIо. Гьелъул гIаксалда, гьеб заманалъул тарих хъван нахъе тарал, Шамилил наибзабилъунги жал рукIарал чанго чияс цо кIалдиса гIадин бихьизабулеб буго, гьел къедисел ритIухъал, лъикIал гIадамал рукIанин, гьединлъидал, гьел чIвай мекъаб иш букIанин[201].
ЦIале тIехьалъул гьаб бутIаялда лъун бугеб ва нужецаго хIисаб гьабе.
....................................................
[198] Мухамад-Тахир аль-Карахи. Три имама. Махачкала, 1990 г. С. 27.
[199] Гьенибго. С. 30-33.
[200] П. Тахнаева. Хаджи-Мурат из Хунзаха. РАН, Институт востоковедения. 2020 г. С. 227.
[201] Балагье тIехьалъул гьаб бутIаялда лъун бугеб «Къедисел кин ва лъица чIварал?» абураб макъалаялда. 

1837 СОНАЛЪ МАГIАРУЛАЛ ТУШАЛЪЕ КIАНЦIИ

19 гIасруялъул цо тарихиял хъвай-хъвагIаязда жаниб бихьизабун буго магIарулазул гьеб аскаралда чанго азарго чи вукIанин.
«…Гьеб аскаралда гьоркьор, тушазул мадугьалзаби гурелги, магIаруллъиялъул цоги-цоги росабалъаги гIадамал рукIана, жал Шамилие мутIигIлъулел»[202].
Тушазул ракьалда тIад гьеб заманалъ гIурусаз тун вукIарав хIаким, тушазул гиназ Чолокаевас бицунеб буго: живгун кIалъалаго гьел магIарулаз абунин жал имам Шамилил бихьизабиялда рекъон рачIарал ругин гьениреян. Гьеб тIаде кIанцIиялъул хIасилалда тушазе ккарал камиязул хIакъалъулъги буго гьадинаб баян:
- чIван руго 37 бихьинчи ва 10 чIужугIадан;
- асир гьарун руго 17 чи бихьиназул ва 75 чи руччабазул.
Гьел росабиги сверун ккун ругеб заманалъ магIарулаз хъун ва кванан буго 690 бетIер чIегIерхIайван, 460 чахъу гIиял, нахъе унаго бикъун буго 90 чу-гIорцIен ва цогидаб къайи-матахI[203].
1846 соналъ Туплисалда кьабураб «Кавказ» казияталда бахъун букIараб гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ И.Д. Цискаревас хъвараб макъалаялда бицунеб буго, магIарулазул бо тIаде щвелелде цеве Дагъалди росулъеги вачIун, цо ЦIунтIаса чияс абун бугин: жив вугин дидо, ва киналго дидоязе (цIунтIасезе) жидеего гIадин бокьун бугин нужги ракълилаб гIумруялда рукIине, амма кватIичIого нужеда тIаде бачIине бегьулеб балагь нахъе чIвазе жидеда кIоларин. «Нужеда цIакъ ццин бахъун вуго Алдам[204]. Хехлъи гьабун гьеб талихIкъосиналдаса рорчIизе гIамал гьабе, гьабичIони нужеда лъалелде ццидалаб цIиркъ гIадин гьев тIаде кIанцIизе вуго ва гьал нужер минаби гамачI гамачIалда течIого риххизе руго, руччаби-ясазул гъарабашал гьаризе руго. Нужер бугеб къуваталдаги бахIарчилъиялдаги ракI чIун рукIунге – Дагъистаналдасаго бакIарараб къуваталда данде чIун нужехъа бажаруларо».
Тушазул гьел росаби хъамал гьаризе ун вукIун вуго Къедиса нуцалчи, цIунтIасес бицанихъе «ццидалаб цIиркъ» Алдамил АмирхIамза ва гьевгун цадахъ гьесулго рукъалъул чи Малачги[205]. Гьедин бихьизабун буго 1839 соналъ гIурусазул инарал Клюки Фон Клугенауяс гьабураб цо хъвай-хъвагIаялда жаниб.
Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ хъвалаго Цискаревас жиндир макъалаялда жаниб абун буго: гьелда цебесеб сон Дагъистаналъул ва гуржиязул мугIрузда букIанин хъарцинаб, хурул бачIин цIакъ дагьаб, гьеб гIиллаялдалъун гIадамал ракъараб.
«… Жиндие цо ишалдаса щвезе бегьулеб жоялъул хIисаб гьабулаго гIалхулав магIарулав урхъун гъира-шавкъалда вукIуна гьелда тIалъи гьабизе щвеялда. КIиго бутIалъ вачуна гьев хIикматал гьунарал гьариялдеги: рецIел босизе бокьиялъ ва гьелдалъун жиндие бугеб хайиралъ. Чабхъад хьвадулел эркенал магIарулазда гьоркьов бищунго сундасаго нахъе къаларев, рагъулъги жив киназдасаго бахIарчияв Алдамил къимат Дагъистаналъго гьабулаан ва гьединлъидал, авлахъазул ракълилал росабазде тIаде магIарулаз гьарурал чанги битI ккарал чабхъеназе бетIерлъиги гьес гьабуна. Мадугьалзабазде тIадекIанцIиял гьариялдалъун, мугIрузул ракьалъул мискинаб бачIин гьездаги жидедаги гьоркьоб хвалчаца бикьулел рукIин гурого, тIокIаб иш жидеда лъаларел цогидал магIарулалго гIадин гьевги гьеб ракъул соналъ мискинго вукIана.
Гуржиялъ Дагъистаналъул гIорхъода бугеб Чагъали мухъалъул тушазул бечедал Дагъалди ва ШенакIо росабиги, цогидаб сверухълъиго гIадин, хурукълъиялъ зарал ккарал рукIана, гьединлъидал гьеб соналъ мадугьалзабазе кьезе кколеб магъало кьечIого чIана. Гьеб иш сабаблъун ва цебеккунги гьезда жиндир ццин букIарав Алдамги гьездаса рецIел босизе гIедегIана.
Алдам вачIунев вугин абун бицине щварав цIунтIасесул хабаралъ тушазда гьоркьоб рихха-хочи ккезабуна. ГIолохъаби чIана рагъизе ругин, кIудияз абуна: «Дагьалго гIадамазул пайда гьечIеб бахIарчилъиялъ нилъер лъимал-хъизан балагьалдаса цIунуларин. Нилъер сиязул къадазги нилъ тушманасул хвалчадаса цIунаниги, гьелги сверун ккун гIемераб заманалъ гьев чIани, ракъиялъулги квачалъулги кумекалдалъун гьесда кодоре рачуна, цинги ккезе бегьулеб жоги нужеда лъала!». РукIана цоги гIадамал, жидеца абулел: магIарулазул тIалабги тIубазабун, гьезие къваригIараб жо кьезе рачIайин, тIоцебе рес ккарабго гIазул мугIруздасан Кахеталдеги ун гьелда бащадаб жо дора ругезухъа нилъецаги бахъилин. Гьеб пикру цогидаздаса бергьана ва «Биччанте Аллагьас хъвараб лъугьине!» - янги ахIун, тушал жидерго кашишасда хаду-хадур гурхIелалъул къурбан хъвезе гьатIаналде ана».
МагIарулазул тIалаб дагъалдисез тIубазабун буго. Кьун буго боцIиги, гъоркьлъалие 16 жидерго цевехъанги, ва, гьабураб къотIи щула гьабизелъун, бугеб гIадаталда рекъон хисун цоцазе кьун руго гуллбиги. Гьел божун рукIун руго магIарулал гIадаталда рекъон чIелин ва нахъе инин. Амма магIарулазул боялда гьоркьоб разилъи гьечIолъи баккула.
Цискаревас гьадин хъвалеб буго гьелъул хIакъалъулъ: «Алдамил боязда гьоркьоб хабар тIибитIула жидее гьаб ярагъ умумуз ирсалъе кьун бугин, гьелдалъун бетIербахъи гьабизеги бахIарчияб цIар босизеги. «Аллагьасда лъала гьал дагъалдисел къварид гьаризе нижее бокьун гьечIолъи, амма гьанире щвезегIанги рачIун, цохIо чахъабиги рачун нахъеги кин инел, цогIаги нухалъ туманкIги кьвагьичIого, цогIаги чиги асир гьавичIого. Рагъизе ккечIеб гIумру - нижее гIумру гуро!».
Алдамги пикрабалъ вукIана. КIиго асар букIана гьесул рекIелъ цояб цоялдаса бергьинелъун къеркьолеб: гъарачилъиялъулги ва кьураб рагIи цIуниялъул тIадегIанлъиялъулги. Ахирги боязда гьоркьоб багъарараб разилъи гьечIолъиялъул кумекалдалъун гъарачилъиялъ тIалъи босана. Тушазул бечедаб росдал нахъе хутIараб жо букIана чIваднал, чIаго хутIарал гIадамал рачун ана асирлъуде.
Дагъалдиги чIунтизабун магIарулазул бо ШенакIо росулъе бачIана, амма жидерго сиязда жанир рахчарал шенакIосез чанго къоялъ гьезул гьужум нахъе чIвана. КватIичIого тIаде щварал Телавиялдаса милицазги тушазул цоги-цоги бакIалдаса бачIараб ахIиялъги магIарулазул бо бихха-хочизабуна, хадуб лъугьараб Россиялъул армиялъги гьезие гIураб зарал гьабуна».
...........................................................
[202] Акты, 1881, т. 8, с. 609-610
[203] Гьенибго.
[204] ГIурусазул тарихчагIазги хIукуматалъул хIалтIухъабазги гьеб заманалъ ва гьелдаса хадусел соназ гьарурал хъвай-хъвагIаязда рехсолеб «Алдамиги» «Алдамишвилиги» - чиясул цIар гуребги, памилияги буго, Туплисалда рукIарал хIакимзабаз гуржи къагIидаялъ хъвараб, Бакуялда Кавказалъул хIукумат бугеб заманалъ гьеб цIар «Алдам огъли» ян хъвалеб букIараб гIадин. Гьеб памилиялда гъоркь рехсон руго Къедиса нуцабазул рукъалъул гIемерисел бихьинал.
 [205] АмирхIамзал кIудияв вац. 

КЪЕДИСА МАЛАЧ ТУПЛИСАЛДА

1830 соназ Кавказалда букIараб Россиялъул армиялъул кIудияв, инарал Е.А. Головиница министр А.И. Чернышовасухъе, магIарулал кин мукIур гьаризе кколеб бицун, Туплисалдаса хъвараб кагътида руго гьадинал мухъал:
«Каспий ралъдахъа Гуржистаналъул рахъалде Дагъистан къотIун унеб лъабго нухалъул бищунго лъикIаб буго Кахетиялдаса Хунзахъе - Ункъракь, Богос, ТIинди, Багвалал ва КIкIаратIаса бугеб нух. Гьел халкъал нилъее мукIурлъани, гьелъул кIудияб асар букIине буго сверухъ ругел цогидал магIарулазе. Гьелдалъун бечедаб Кахетияги цIунараб букIинаан гьел магIарулазул чабхъеназдаса. Гьанжеялде нилъее мукIурлъизе бокьун букIин бихьизабуна Ункъракьалъ. Гьеб ракьалъул кIудияв, чабхъадулазул цIар рагIарав бетIер Алдам[206] вукIана дихъе риидал вачIун. Гьев вуго некIсияб ханзабазул рукъалъул чи. Умумузул рукIарал ханлъиялъул ихтияралги гьесухъ щула гьарун, гьев гьеб ракьалъул бетIерлъун гьавуни, кинабго гьесул наслу нилъеда бухьараб букIинаан ва гьесул кумекалдалъун нилъеда кIвелаан гьеб мухъалъул халкъ биял гIодор тIезе ккечIого нилъер хIукуматалда гъоркье бачине».
Пачаясул инарал Клюки Фон Клугенауяс 1838 абилеб соналъ хъван буго: «…Къедирги Сасикьги ругел нуцабазе бокьун буго Россиялъул хIукуматалъул тIалъи гьезул ракьалдеги щвезе ва гьелдалъун гьениб жидерго тIалъиги щулалъизе», - ян. Гьеб хъвай-хъвагIаялъе баян кьолаго тарихчи Хашаевас абулеб буго, нуцабазул гьединаб мурад букIиналъе гIилла бугин гьезда лъалеб букIин гIемер кватIичIого Шамилил наибзабаз жал тIагIинаризе рукIин ва жидер буголъиги бахъизе букIин[207].

1838 соналъ Туплисалда Россиялъул Кавказалъул армиялъул штабалъ гьарурал цо-цо хъвай-хъвагIаязда жанир[208] Къедиса нуцаби рихьизарун руго Гуржистаналъул ЧIар мухъалда мадугьалихъ ругел Дагъистаналъул цо-цо къавмазда гьоркьоб цIакъго жидер рагIи билълъарал гIадамаллъун. Гьединлъидал Россиялъул хIукуматалъул ва армиялъул кIуди-кIудиял хIакимзабаз жидеда бажарараб жо гьабулеб букIана гьел къедисезулгун гьоркьоблъи щула гьабиялъе. Гьедин, 1838 соналъул риидал, тушазул цересел, къадру бугел гIадамазул гьоркьоблъиялдалъун, божилъи букIине гIоло 4 тушавги гъоркьлъалие Къедиве витIун, нуцабазул рукъалъул кIудияв Малачги гьесул гьитIинав вац АмирхIамзаги Тушетиялъулги Ункъракьалъулги гIорхъода гара чIвариязде рачIине рази гьаруна.
Нуцаби Хушетире рачIана 1838 соналъул 24 июналъ. 25 июналъ хушетисезул Пичехъори кIкIалахъ гьел данделъана Кавказалъул армиялъул штабалъул секретарь, тушав Цискаревгун. Данделъулел ругони гьеб кIкIалахъ данделъизе ккей цебеккунго тIалаб гьабун букIана нуцабаз. Гьез жалгун цадахъ гьенире рачун рачIана Ункъракьалъул жиб-жиб росулъа ракIарун 100 гIанасев чи. Лъалеб гьечIо гьенире рачIунаго гьел гIадамазулги нуцабазулги жидедаго гьоркьоб щиб къотIи букIараб, амма гьеб бакIалда гьезда гьоркьоб рикьи ккола ва гьезул цо тайпаялъ тушасда бичIчIизабула, нуцабазул кверщаликь, гьез абурабги гьабун чIезе жидеда ракIалда гьечIолъи, Кахеталдеги цоги ракьаздеги чабхъеналги гьаризе рукIин, гъоркьлъалие гIадамал кьечIони, тушалги цо хIалалда тезе гьечIолъи. Гьелдалъун бихьулеб буго Гьоркьохъеб Дагъистаналда букIараб имамзабазул багъа-бачариялъул чIорал гьеб соналъ Ункъракьалдеги щун рукIин, гъазаваталъулги имамзабазулги хIакъалъулъ цогIаги рагIи гьел кагътазда жаниб хъван гьечIониги.
Пичехъорир гьарурал гара-чIвариязул хIасил букIана Къедиса Малач Туплисалде вачIине разилъи. Гьев гьениве ана 1838 соналъул август моцIалъ, жиндирго гьитIинав вац АмирхIамзал васгун цадахъ.
Тушазул гIорхъабазда рекъел букIинабигун цадахъ, жалго нуцабаз Гуржиялъе чабхъаде рачIин тей, гьединго жидер ракьалдаса цогидал чабхъадулал ин гьез гьукъи ва Россиягун ракълида чIей хIакимзабаз гьаридал, гьеб иш жидеца тIаде босаралъухъ Малачица гьездаса тIалаб гьабураб жо букIана цо: ахирал соназ Ункъракь ва Къиял мухъазда тIад чучлъараб жидер тIалъи щула гьабиялъе квербакъи.
Гьеб квербакъи гьабиялъе ругел нухазул цояблъун гьес бихьизабуна Къиялъа Тушалъе унел нухазул бищунго бигьаяб – Къиялъ Къедиса нуцаби бетIергьанал росабазул цояб Сандакъориса тушазул Парсанибе унеб нухда, Сандакъори росдал рагIалда рагъулаб щулалъи бай ва гьениб аскар рештIинаби.
Россиялъул хIукуматалъ нуцабазул гьеб цебелъей къабул гьабурабани, Малачил пикруялда рекъон гьелъ тIубазе букIана кIиго кIвар бугеб масъала:
 
ТIоцебесеб (Россиялъе кIвар бугеб):
- Дагъистаналдаса, Къиялъа ва Гъалгъаялъа Тушалъе, Кахетиялъе унел чабхъадулазе нух къазе бигьалъиялъул;
 
КIиабилеб (Къедиса нуцабазе кIвар бугеб):
- бакIалъулал къавмал жидее (нуцабазе) мукIурлъун чIезариялъул.
[206] Алдам гуро, Малач вукIана Туплисалда гьесухъ.
[207] Х.- М. Хашаев. Феодальные отношения в Дагестане.
[208] Москва. Россиялъул Рагъул ва Тарихалъул архив. Ф. 14719. Оп. 3. Д. 208. Переписка о склонении лезгинского старшины Алдами-Швили к изъявлению покорности нашему правительству. 1838 г. 15л.   

ЦО-ЦО БАЯНАЛ[209]:

; 1838 соналъул 25 маялъ тушав Цискаревас мухьги кьун кIиго хушетисев витIула Къеди нуцабазухъе, Россиялъул хIукуматалъ жидергун гара-чIвариял гьаризе тIад къан бугин жинда, гьелда разилъани, жидее бокьараб бакIалда тушазул гIорхъоде рачIайин ругьелгун.
; 30 маялъ хушетисел тIад руссун рачIуна ва бицуна нуцабаз абунин, жал дандчIваялде рачIине ругин гъоркьлъалие 4 тушав Къедиве витIани. Гьабулеб бугони данделъиги Ункъракьалъулги Тушетиялъулги гIорхъода бугеб Пичехъориб кIкIалахъ гьабизе ккезе бугин.
; Тушазул батIи-батIиял росабазул къадру бугел тухумаздаса ракIарарал 4 аманатгун цадахъ долго хушетисел Цискаревас 3 июналъги Къедире ритIула.
; 8 июналъ хушетисел тIад руссуна ва бицуна нуцабазул кIудияв вац Малачица ункъавго тушав жиндихъ аманатлъун танин ва абунин, Къиялъе арав гьитIинав вац АмирхIамза тIаде щваравго гьевгун цадахъ жив дандчIваялде вачIинин.
; 24 июналъ нуцаби Хушетире рачIуна ва 25 июналъ къотIи гьабураб бакIалда Цискаревгун дандчIвала. Гьенире гьез цадахъ рачIуна аманаталъе Къедире ритIун рукIарал ункъавго тушавги ва Ункъракьалъул ичIго росулъа ракIарарал 100-гIан чиги.
; Гьел гара-чIвариязда Цискаревас нуцаби рази гьарула Россиялъул хIукуматгун къотIи-къаял гьаризе Туплисалде рачIине.
;Цискаревасда Малачицаги АмирхIамзацаги абула жидеца цадахъ рачун рачIарал гIадамал ругин Ункъракьалъул жидер бетIергьанлъиялда гъоркь бугеб ичIго росдал гIадамал, гьезиеги бокьун бугин хIукуматалъе мутIигIлъизе, гьезул жаваб кьезеги жидеда кIолин.
; Цискаревас гьел гIадамазул цо-цоязда гьикъула гьелъул хIакъалъулъ, амма гьез нуцабаз бицараб жоялдаса инкар гьабула ва абула нуцабазул ихтияр гьечIин жал щалгун ругониги рекъезаризе яги рагъизаризе, жидеца Россиялъулгун яги кахетазулгун рекъелги гьабуларин. Тушазулгун рекъел гьабизе бугин гьез 4 аманат жидехъе кьуни. Гьеб рекъелги букIине бугин цохIо гьезул гIорхъабазда жаниб[210].
;Жидехъ ругел тушазул асиразул хIакъалъулъ гьикъидал нуцабаз абула вугин гьединав 5 чи - 3 тушавги 2 гIурусавги. Амма жидеца гьел мухьги кьун цогидазухъа росарал ругин. Гьелдалъун Цискаревасулги нуцабазулги гара-чIвариял лъугIула. Гьел халат рахъула тIубараб къоялъ.
; Анлъго къоялдаса Туплисалде ине рачIине къотIиги гьабун нуцаби Къедире уна, амма гьеб заман иналде Малачица ритIун цо хушетисевги къедисевги рачIуна, жив роол багIариялдаса хIинкъун чIанин, нужее къваригIани хаслихъе вачIине хIадуравги вугин абун хабар босун.
; Къиялъ бугеб Сандакъори росулъа Къедире щвезегIан 16 сагIтил нух буго.
; Хьароса ГьагIмадибеги, гьениса тIаде Гьиндухе щвезегIанги гьокогун рачIине бегьулеб нух буго. Цинги щобккун гьабураб нух буго, чуги рекIун Ункъракьалде ине бегьулеб.
; Къиялъ Къедиса нуцабазул бетIергьанлъиялда ругел росабазул цоял: Сандакъори, Хьаро, Хонокь ва ГьагIмади 400 рукъ буго. (1838 сон). 1884.
[209] Москва. Россиялъул Рагъул ва Тарихалъул архив. Ф. 14719. Оп. 3. Д. 208. 
[210] Буго баян: Къедиса нуцабазулгун гьарурал гара-чIвариязул хIакъалъулъ Цискаревас хъвараб гьаб кагътида жанир ругел цо-цо хIужаби ругин хIукуматалъул гIадатиял идарабаз пайда босизе гIоло рекъезарурал, амма Кавказалъул Армиялъул штабалъ гьарурал цогидал хъвай-хъвагIаязда жанир баянал батIиял ругин. (Гьеб хъвай-хъвагIай (акт) цIехезе ккола).

1844 сон. КЪЕДИСЕЛ ЧIВАЙ. РОСУ БИХХИ.

«Шамилил муридзабаз къедисел чIвана ва гьезул минаби рухIана 1844 соналъул ноябрь моцIалъ». (Гьигьалъа ИманмухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса).

 КЪЕДИСЕЛ КИН ВА ЛЪИЦА ЧIВАРАЛ
 
Цо-цо баянал:

; «Цинги, шаригIаталъул заманалъ чIвана бищунго лъикIал къедисел. Гьел рукIана ракълилал гIадамал. Гьезул руччаби къороллъана, гIисинал лъимал нахъе (бесдал) хутIана» [211]. Ункъракь-чIамалазул наиб Дибир Аль-Авари (Инквачил Дибир. Шамилил рукIарал наибазул бищун лъикIаздаса цояв – авт.).
; «… Цинги имамас гьадал Къедир рукIарал нуцабиян абулел чагIи чIван руго. Гьеб ишалъе жиндирго муридзабигун Силдиса ДенгамухIамадги[212], Гъадариса ХIавалавги[213] рихьизарун, гьелги тIад ритIун руго имамас. Гьел нуцаби дора Къедирго гъурун руго[214]».
; «АхIул ГохIдаса ворчIун Чачаналълъе щун хадуб Шамилица жиндир наиблъунги, къиялазул киналго наибзабазул кIудиявлъунги (мудирлъун) тун вукIана Дышниялдаса къиялав Арсанакай. Амма гьев кватIичIого имамасе хилиплъана ва, лъутун, Гуржиялъе гIурусазухъе ана. Гьелдаса хадуб гьев къияласул бакIалда Шамилица тана ГьоцIалъа Худанатил МухIамад. Гьев МухIамад вукIана цIакъ хъачIав, ритIухълъи гьечIев, жинда божизабураб ракьалда тIад гIемераб зулму тIибитIизабурав чи. Гьедин зулмуги гьабун тIагIинаруна гьес Къедиса нуцабазул хъизаназул балугъавщинав чи. Гьеб ишги букIана гьадин: Худанатил МухIамадица байбихьуда гьел нуцабазул къадру хвезабуна ва гьелдалъун гьел хIакъирги гьаруна. Хадуб лъазабуна, гьезул, ай къедисезул, амру гьабизе ихтияр жидехъ бугел[215] киналго бихьиназул би хIалалаб бугин. Гьелъул хIасилалда, кватIичIого, гьеб би гьес жинцагоги тIуна. Къиялазул мудирасул зулмучилъиялда рази гьечIев Шамилица гьев наиблъиялдаса вахъана ва гьесул бакIалда, цIидасан гIурусазухъа нахъе вачIарав Арсанакай тана»[216].
; «Шамилил наибзабаз Къеди росулъ чIвана нижер умумузул 12 чи ва бахъана боцIи-мал[217], гьелде щвезегIан нижее бачIунеб букIараб хайиралдасаги ниж махIрум гьаруна»[218].[219]
; 1844 соналъ къедисел чIваялъе ва росу бухIиялъе бетIерлъи щив наибас гьабураб цIехолаго нижеда батана цо гьадинаб баян: «Шамилил наиб ГIаличулаца Къедир-Сасикь рукIарал киналго нуцаби тIагIинаруна»[220].
; Тарихчи БацIадаса М. ХIусеновас жиндир тIехьалда хъвалеб буго: 1844 соналъ Ункъракьалъул росабалъа бакIарараб муридзабазул къокъаги бачун вачIарав ТIиндиса ГIаличулас Къеди нуцабазул гьин сверун ккунин. Сасикьа кIудиял чагIаз гьев тарихчиясда бицун буго ГIаличулас гьезухъа ярагъ нахъе кьей тIалаб гьабун бугин. Нуцабазул кIудияв Арсланбег гьелда разилъун вуго, амма гьитIинав Сурхай-хан инкар гьабун чIун вуго. Гьединаб хIалалда гьел рукIадго Кавудаса кьвагьараб туманкIалъ Чупалав абун мурид чIван вуго[221]. Рагъалдалъун гьин бахъизе кIвезе гьечIолъи бичIчIарал муридзабаз хIукму гьабула гьеб бухIизе. ГIараздаса баччун гулги сверун бакIарун гьез гьелда цIа лъола. Хъала цIунун рукIарал рухIула, цогIаги чи квердеги вачIунаро. Цо биценалда рекъон, хвасарлъун йиго кIиго яс, гьелги балъго Къедиса нахъе рачун ун руго. ТIагIинарун руго нуцабазул кинабго гIагарлъиги гьезул рахъ ккурал цогидал къедиселги. Нуцабазул букIараб бекьулеб-бецулеб ракьги мугIрулги Имаматалъе рахъун руго[222]. Гьелдаса хадув Ункъракьалъул наиблъун тун вуго Сасикьа Хатил МухIамад. Гьес бетIерлъи гьабулел рагъухъабазул къокъаялда вукIуна 150 рекIаравги 320 лъелавги рагъухъан. ГIемер кватIичIого, букIине кколеб къагIидаялъ муридзабазе бетIерлъиги гьабулеб гьечIин, рагъулъги цеве инчIого гьоркьов чIолев вугин гьевин абун бачIараб гIарзалда божарав Шамилил бихьизабиялда рекъон МухIамад чIвала[223].
 ……………………………………..
[211] Цидурохьалъул хIакъалъулъ кагътал. Къедир ГIалихъиличил МухIамадкамилихъ цIунун руго.
[212] «Князь Н. 3. Чавчавадзе… тушинам велел расправиться с бежавшим Деньга Мухаммадом и с его товарищами, что те и совершили. При этом тушинцы, словно бы не ограничиваясь совершенным убийством, еще и поотрубали всем им головы, а после того отрезали вдобавок руки у Деньга Мухаммада и Сагид-Мухаммада и, связав руки женщинам-сильдинкам, заста вили их тащить отрубленные головы назад в Дагестан, притом не позволяя та щить на спине. В результате женщины-сильдинки вынуждены были перекинуть свои платки вперед, спустив их при этом ниже груди, завязать отрубленные го ловы в косынки и двигаться в сторону Ботлиха. Вот в таком-то виде их и приве ли тогда в Ботлих». [Восстание, 2001, с. 24—48; Хрестоматия, 1999, ч. 2, с. 29—33]
[213] Шамил-имамасул гIаштIичи. 
[214] Т. М. Айтберов, Ш. ХIапизов. МагIарулалъ хъварал тарихиял асарал. 2016 сон. 45 гьум.
[215] «…амру гьабизе ихтияр жидехъ бугел…» - балугъал.
[216] Гьигьалъа ИманмухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса. ГIурусалдаса буссинабуна – авт.
[217] И. Газимагомедов. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015. С. 65.
[218] Рамазан Исмаилович Г. Аспирант МГИМО. К ВОПРОСУ О ФЕОДАЛЬНОЙ РЕНТЕ В НАГОРНОМ ДАГЕСТАНЕ И ЧЕЧНЕ (ДОКУМЕНТ КЕДИНСКИХ НУЦАЛЧИ АЛДАМИЛАЛ) Вестник Дагестанского научного центра РАН №61, 2016 г. С. 38-44. ГIурусалдаса буссинабуна – авт.
[219] ЦИАГ. Ф. 231. Оп. 1. Д. 95. «Прошения разных лиц об отыскивании ими личных прав (из россыпи)». Без даты. 11 Л.
[220] Рукописный фонд ДНИИЯЛ, д. 1744, стр. 76.
[221] Къедир ругел биценазда рекъон, гьев Чупалав абулев чи мурид вукIун гьечIо. Нуцабазул рокъов рагьдателлъун вукIарав гьев, Кавуда си бухIизе муридзабаз гул баччулелъул тIоцеве лъугьун вуго гьезие кумек гьабун гьеб баччизе. Гьеб бихьарав Алдамицаги тIоцебе гьесда речIун буго туманкI. (Къедиса Хъиличил ГIабдухаликъил хабар). Нижер хIисабалда, гьеб хъачагълъи гьабизе Къедире рачIарал муридзабазул церехъаби – наибзабазе (хъачагълъи гьеб букIараблъи баян гьабулел гIемерал далилал руго) пайда букIана гьев мурид вукIанин хабар биччаялъул, щайгурелъул жалго муридзабазда гьоркьоса гьеб къоялъ цоги чи чIванин бихьизабураб баян тарихалда гьечIо.
[222] Къедиса нуцаби жеги чIаго ругеб 1840-41 соналъго гьел мугIруздаса щолеб хайир Имаматалъул хазинаялде бачIунеб букIана. (Гьигьалъа ИманмухIамадил баян).
[223] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля.
................................................

Киналго хIуригатазул кьучIги гьел цере рачунеб къуватги жахIда бугин абула. Щаклъи гьечIого абизе бегьула, букIараб букIинчIеб лъалареб Шамил имамасул амру гуреб, гIадамазул жахIдаги дунялалъул боцIуда хадуб гьезул букIараб хIасратги кканин гьеб такъсир гьабиялъе гIиллалъунин. Тарихалда ва биценазулъ ругел хIужабаз нилъеда бицунеб буго:

--- ТIоцебесеб:
ЖахIдачагIаз бицанихъе, Къедиса нуцаби рукIинчIолъи шаргIалда данде чIарал гIадамаллъун. Гьеб хабар гьез бициналъул, нижер хIисабалда, аслияб мурад буго доб заманалъ рукIарал цо-цо цIар рагIарал гIадамазул такъсирал рахчи;

--- КIиабилеб:
Шамилица тарал наибзаби – гьел нуцабазул чагIи чанго соналъ (1840 соналдаса хадур) рукIараблъи БакътIерхьул Дагъистаналдаги, Къиялъги гьесул сиясат билълъанхъизабулел гIадамаллъун;

--- Лъабабилеб:
Гьел гIадамазде бачIараб балагь букIин, цохIо жахIдаги дунялалъул боцIи бокьиги гуреб, цоги гIилла жидеца гьабураб ишалъе гьечIел бакIалъулал цо-цо наибзабазги гьезул рахъ кколезги ургъараб хIиллаялъул хIасил[224].
Ункъракьалда руго биценал, хIежалде унаго нухда дандчIварал цо Ункъракьалъулазда Шамилица абун бугин, жив цIакъ ракI бухIун вукIунин жиндир муридзабаз Къедиб гьабураб такъсиралда. Гьел къедисезда гьарейин Аллагьасе гIоло жиндасаги гьездасаги тIаса лъугьаян[225].
........................................................
[224] «Цинги, шаригIаталъул заманалъ чIвана бищунго лъикIал къедисел. Гьел рукIана ракълилал гIадамал. Гьезул руччаби къороллъана, гIисинал лъимал нахъе хутIана». Ункъракь-чIамалазул наиб Дибир Аль-Авари (Инквачил Дибир. Шамилил рукIарал наибазул бищун лъикIаздаса цояв – авт.).
[225] Ункъракьалда ругел биценаздаса. 

ШАМИЛИЛ ЦО-ЦО НАИБЗАБАЗУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ХIАЖИ-ГIАЛИ НАХИБАШЕВАСУЛ ХАБАР[226]

«…ЧIварал гIадамазул гIемерисел чIвана жидер буголъиялдаса кьезе тIадаб цо бутIа байтулмалалде кьолеб гьечIин багьанаги батун ва гьедин чIваразул кинабго буголъиги бахъана. Байбихьуда, щив вугониги чи чIвалаго, гьединав чияс чабхъад ун бачIараб жоялдаса кколеб бутIаги босулаан, гьесие ирсалъе щварабги бахъулаан, чIварасул хъизаналъе нахъе жоги течIого. Гьелъул хIасилалда гьел хъизанал чияр гIадамазул цIобалдеги кколаан. Гьеб гIиллаялъе гIоло имамас наибзабазде амру гьабуна ирсалъе щвараб жо гьединал гIадамазухъа бахъугейин. Имамасул гьеб амру наибзабаз тIубалеб букIинчIо. Буголъиялъе гIоло гьез гIемерал гIадамал чIвана, гьедин Шамилил хIакимлъиги чучлъизабуна, халкъалъул букIараб къеркьеялъул шавкъги гIодобе ккезабуна.
…ГIадат батараб къагIидаялъ магIарулаз байбихьана цоцазде гъарачилъи гьабизе, гьезул батIи-батIиял къокъабазда гьоркьоб лъугьана тушманлъи. ТIибитIана мацIихъанлъиги хIал гьабиги. Гьединаб хIал халкъалда гьоркьоб цIикIкIиналъеги цIуниялъеги бажарараб жо гьабуна цо-цо наибзабаз, щайгурелъул гьезие рес щвана мацIихъабаз килищ битIанщинав гIайиб бугевги гьечIевги чиясе тамихI гьабизе ва гьесул буголъиялда тIад квер лъезе. Гьеб мурадгун гIадамал чIвазеги амру гIемер гьабуна гьез. Гьеб хIехьезе кIвечIел гIадамал читIир гьабун рачIине лъугьана Шамилихъе, жиндир наибзабазул ритIухълъи гьечIолъиялда тIасан гIарзгун.
Жидеца наиблъи гьабулеб ракьалда тIад жидер къадру цIикIкIиналъе гIолоян багьанаги батун, наибзабаз Шамил мукIур гьавуна жидер кагъат кодоб гьечIев цогIаги чиясул гIарз къабул гьабичIого тезе. Гьеб хIиллаялда имамги божана. Жинца къварид гьавулев чиясухъе киданиги наибас кагъат кьолареблъи лъиего балъгояб жо гуро. Гьелдаса хадур наибзаби жидерго тIанчIи кваналел бацIазде сверана.
Къо анагIан магIарулал тамахлъана, мискинлъана, гьезие рагъун чIалгIана ва гьез абизе байбихьана: «Дунялалда щиб лъугьаниги ургъел гьечIо гьанже нижее», - ян.
Цебе халкъалъ, хадуб наибзабазги байбихьана жал ругеб бакIалда гIагарда ругел гIурус-хIакимзабигун гара-чIариялъе ине, къотIи-къаял гьаризе. ГIурусаз гьел рокьи-хинлъигун къабул гьаруна, гьезие шапакъатал ва бечедал сайгъаталги кьуна.
Гьединал нахъегIанал ишал жиндир цо-цо наибзабаз гьарулел рукIин Шамилида лъалеб букIинчIо, гьединлъидал гьес гьезда мугъчIвайги гьабулаан. Абизе бегьула Шамилил имамлъиги хIакимлъиги хвезабураб, рагъулъ гьев къеялъе бищунго кIудияб гIиллалъунги ккараб жо бугин, гIурус армиялъул къуват яги месед гуребги, жиндирго наибзабазул ва жинда сверухъ жинца божилъи гьабун рукIаразул хиянатчилъи»[227].
...........................................................
[226] ХIажи-ГIали Нахибашев – начальник контрразведки Шамиля.
[227]ХIажи-ГIали. «Сказание очевидца о Шамиле». С. 75, 79 

ЩАЙ МАГIАРУЛ АМИРЗАБИ ИМАМЗАБАЗДА ДАНДЕ РАХЪАРАЛ?

 Азаргоялдасаги цIикIкIун соназ магIаруллъиги ккун, Дагъистаналъул чияда бачIолъиги цIунун рукIарал аваразул ханзабиги гьезул наслабиги цоязда хадур цо гьарун чIван лъугIизаруна жидер заманалъ имамзабаз. Гьезул бищун ахирисел рукIанин абизе бегьула 1844 соналъ чIварал Къедиса нуцаби. Гьел киназдаго гIунтIизарурал гIайибалги рукIана релълъарал: имамзабазул хIаракаталъул рахъ кквечIолъи, гьезда данде рахъин ва гьел соназ Дагъистан жиндие мукIур гьабизе къеркьолеб букIараб Россиялъул хIукуматгун бухьен букIин.
Рехсарал гIайибал гьел амирзабазда рукIанин яги рукIинчIин, гьел тIагIинари имамзабазул мекъаб букIанин яги букIинчIин аби гьечIо гьаб хабаралъул мурад. Мурад буго нилъеда бичIчIизе ккей, щиб гьел амирзабаз гьеб заманалъ гьабун букIун батаниги, шаклъи гьечIого гьез гьеб гьабураблъи, тIоцебесеб иргаялда, жидерго амирлъи цIунизе гIоло.
ЦодагьабгIаги тарихги бокьулев, гьелъул пикруги гьабулев чиясда лъазе ккола, киналго магIарул амирзабиги гьезул рахъ кколелги гьеб заманалъ бусурманал рукIараблъи. Нужер къеркьей битIараб, шаргIалда данде кколеб бугин, нужеда данде рахъарал гIадамал бугъатал ругин жидеца абулел шаргI лъалел гIалимзабиги рукIана гьел амирзабигун цадахъ гьеб заманалъ.
Гурин, киналго бусурбаби имамзабазе мутIигIлъизе кколин рахъана цогидал гIалимзаби ва абуна амирзабиги гьезул рахъ кколелги ругин бугъатал.
Гьедин цоцалъ бана магIарул халкъ ва цоцада капурзабийин, бугъаталин ахIулаго гъурун лъугIана Дагъистаналда бахIарзал. ГIемер кватIичIого, меседги шапакъаталги кьолев чи вугони, имамги амиргини щиб, эбел йичизе хIадураб тайпа хутIана нахъе ва къана къеркьеялъул иш. Гьедин вичана гьез имам Шамилги, гьедин бана тушманас Дагъистаналда кьанги.
Жиндир цIар рагIарав чанги тарихчи вуго меседалъ босанин Россиялъ Дагъистанин абулев. Гьел ритIаралги руго.
Гьеб тайпаялде иш ккезегIан щай азарго соналъ Дагъистаналъул магIаруллъи чияр хIатIикь букIинчIеб, щай гъазаваталъул тIоцебесеб анцIгоги къогоги соналъ Дагъистаналда гIурусазе рахIатги букIин чIеб, магIарухъ щулалъизеги гьезда кIолеб букIинчIеб? Щайгурелъ ул, лъие къваригIаниги кьезе гIураб меседги бечелъиги жидехъ бугел цоял, тушманасул меседалдасаги хвел тIаса бищизе хIадурал цогидал бахIарзал магIарухъ гьеб заманалъ жеги чIаго рукIиналъ.
Чангияс абила нижеца аваразул амирзабиги гъазаваталъул имамзабиги цо кьерда лъолел ругин.
Кирха гьел лъелел, гьеб заманалъ гьезул щивав витIарав вугин кIалъарал шаргI лъалел гIалимзабиги ругони?
Цоги нухалъ такрар гьабила:
Гьел амирзаби имамзабигун къеркьечIо гIурусазул гIарцухъ Дагъистан бичизе бокьун. ГIурусазул гIарцухъ Дагъистан бичана АхIулгохIдаги Гъунивги Шамил рехун тараб тайпаялъ.
Нужецаго хIисаб гьабе цо гьадинаб жоялъул. АхIулгохIдаги Гъунивги Шамилгун цадахъ рукIана 400 – 600 рагъухъан. Гьебги, тушмангун рагъизе къватIире рахъаян релъедаги къадги ахIдолев имам вукIаниги. МагIарухъ цо кIудияб росулъа бакIаризе бегьула гьединаб къадар боялъул. Амирзабини те, цоял чIван лъугIун рукIанин, цогидал чIаго хутIарал жеги имамгун рагъулел рукIанин. Шамил имамлъунги вищараб, гьесие къотIиги гьабураб хутIараб магIаруллъи киб букIараб? Щай къватIире рахъинчIел, щай имам кквечIев, щай хвечIел?
Суал кье жив-живас жиндиего: «Дир умумул гьел къояз кир рукIарал?» - абун. Цинги кIалъай.
Гьединал тIеренал бакIазул хIисабги гьабичIого, имамзабазда нахъаги рахчун аваразул амирзабазда ганчIал речIчIулел, хьандолел гIадамал гIемер руго жакъа магIарухъ. Жал кидаго эркенал рукIарал уздензабазул жамагIатаздаса ругинги кIалъала гьел, амма амирзабазул цIаралде уздензабаз рицине рекъечIел харбалги рицуна гьез.
Цоги кин гьеб бичIчIилеб? 

ШАМИЛИЛ ЗАМАНАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ УНКЪРАКЬАЛДА РУГЕЛ БИЦЕНАЛ

Хъваршиса гIалимчи, Рекъав ГIабдула:

- Жив имамлъун вугеб заманалъ нилъер мухъалде Шамил щвана лъабго нухалъ. Цо нухалъ Хъваршиве щварав гьесул амруялдалъун, гIурусазулгун бухьен бугел абун гIайибги гIунтIизабун, нижехъа 3-4 чи чIван вуго. Гьеб иш жиндие бокьичIев, имамасул секретарлъун вукIарав Хъваршиса Загъалас Шамилида абун буго: «Имам, нилъеца гьал гIадамал Рижарас хIукму гьабизе щай толарел?» - ан. Шамилица жаваб кьун буго: «Гьедин гьел тезе бегьуларо, щайгурелъул цогидазе гьез гьабулеб жо квешаб мисаллъун буго. ГIурусазулгун бухьен бугелги как баларелги чагIи нилъеца чIвазе ккола, жидер гIилла-гIузру гьечIого нилъее кумек гьабуларел чагIиги чIвазе ккола. Гьедин къвакIараб гIадлу гьечIони, гъазават бергьунаро», - ян. Гьединабго гIайибги гIунтIизабун, гIадамал чIван руго Хуштада, Гьигьалъ, Сасикь ва Къедирги. Лъалеб жо буго Къедир - Сасикь рукIарал нуцабазе шаригIаталъул гIадлу къваригIун букIинчIолъи. Гьел чIваялъе рукIарал гIиллабазул цояб гьеб батула. Гьезул бечелъи яги гьезухъа тIалъи бахъизе къваригIун гьабураб ишги гьеб букIинчIо. Кинниги, цо-цо наибзабаз жидер тIалъи бугел бакIазда гьеб масъалаялъулъ ритIухълъи гьечIолъи биччаялъул, жидее рокьуларел чагIи цо-цо багьанаги батун тIагIинариялъул гIемерал мисалалги руго. Гьелъин Шамилица Имаматалъул ахирисеб анцIго соналъ гьеб ишалда данде гIезегIан кIудияб хIалтIи гьабураб, 1850 соналдаса нахъе чи чIваялъул хIукму жиндир наибзабазухъа нахъе босун букIараб. Къедир-Сасикь кIикъого ва жеги цIикIкIун ги чи цохIо нуцабазул чагIи абун чIванин бицунеб хабарги уяб жо гуро. Ханзабазул ругониги, гъазаваталъе боцIудалъунниги цоги жидеда бажарараб жоялдалъунниги кумек гьабулел гIадамал чIва зени кир чIвалел, гьелъул гIаксалда, цогидаздаса кIодо гьариялъул мисалалги доб заманалъ гIемер рукIана. Дир хIисабалда, къедисел чIваялъе бугеб цогидаб гIилла гIурусазулгун бухьен букIинги ва гъазаваталъе кумек гьабунгутIиги батизе буго. Гьезул гIагарлъиялъул чагIи гочинариги цохIо жидеда божилъи гьечIолъиялдалъун гьабун батула. Гъазаваталъул байбихьуда мацI-кIалги гIемер букIун буго нилъер росабалъ.

ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:

- Дир, ГъазимухIамадил вакьад, Агъвалиса ЖабрагIилов МухIамадрасул тарихчи вукIана. Гьес дида бицун букIана жинда цо тIехьалда батанин, Шамилица къедисел, бодулъеги рачинчIого, туманкIул хер гьабизе тун рукIанин. Къедибги буго гьединабго бицен. Руго гьединго ШамилгIисалазул рукъалда цереги, гьанже медпункт бугеб бакIалда, годекIаниб ва росдал ТIасияб рахъалдаги жидеда тIад картIал рахъарал ганчIалги. Гьел картIазда жанибе тIурччиги бан, ихдал гIиязул ракалда тIад лъугьунеб цIам гIадаб хъахIаб жоги (жансав) гьелда жубан, ражи бухулеб гIадин бухун гьабулеб букIун буго гьез гьеб туманкIул хер.

АмирхIамзал МухIамад:

- Шамилил бодулъ къедисел гIахьаллъун дида рагIичIо, амма гьес гьабулеб жоялда данде чIчIарал гIадамал Къедир гIемер рукIараблъи баянаб жо буго. Цо биценги буго Шамилица (Хундерил ханас?) нилъер гIадамал бодулъе ахIичIого тун рукIанин. Гьелъул бакIалда гьезда тIад гьабун букIанин Гьиндуха магIарда бугеб шахтаялдаса рагъул хIажалъабазе сурма бахъизеги туманкIул хер гьабизеги[228].
[228] «Богатые месторождения серы находятся в окрестностях Чирката, Шубута и Кикуни, а также и в горах хребта Арактау. Каждый желающий мог брать её сколько угодно. Для пороховых заводов она добывалась и доставлялась жителями названных мест. Обязанность эту Шамиль возложил на них вместо военной повинности». М.-Н. Ибрагимов «МУСА БАЛАХАНСКИЙ», Махачкала, 2009. ББК-83.3 (Даг) УДК-821.35 И-15 К»

СИЛДИСЕЗУЛ АХИРИСЕБ МАГЪАЛО

 Силдиса Насиб:

- Нижер росулъа бакIарун магъало Къедибе кьеялъул хIакъалъулъ буго цо гьадинаб бицен.
Гьеб магъало жидеца бакIарулел гIадамал аварагасул наслуялъул, нилъер мухъалда Ислам тIибитIизабизе рачIарал ва Къедир рещтIарал рукIун руго. Шамилил заманалъ нижер цо-цо гIадамал лъугьун руго жал гьанже имамасул гIадлуялда чIезе ругин, гьеб магъалоги жидеца кьезе гьечIин. Къедиса рачIарал гьеб бакIарулел чагIазулгун дагIба ккезеги рекIун нижер жамагIаталъ маслихIат гьабун буго ва росдахъаго бакIаризе кколеб магъалоялда цебеса гьезие цо гIарац-меседалъ къачIараб туманкI кьун буго, къедиселги босун гьебгун тIад руссун ун руго.
Гьелда рази гьечIев лъабго силдисев: Гунашил МухIамад, Денгал МухIамад ва СагитмухIамад гьезда хадур ун руго ва, гьезухъаги бахъун, гьеб туманкI гъурун цо кIкIалахъа эхебе рехун буго. Гьелдалъун гьеб магъало кьеялъул ишги къотIун буго.

ГЬЕБГО БИЦЕН, ГIАТIИДГО[229]

«ГIадлу гьечIого, гIадлу гьабизе хан гьечIого, бергьарас къурасухъа жиндие бокьараб жо бахъулеб заман букIун буго. Гьеб заманалъ гIадамазда гьоркьор цо-цоял, батIаго цIакъ бечелъун, ханлъи гьабизе лъугьунел рукIун руго. Гьез ракьал кколел рукIун руго, ракьазда тIад магъалоги лъун, гьеб бахъулеб букIун буго. ГIадамал рукIун руго жидеего чIорого хIалтIизарулел. Гьединги гьабун бечелъараб мехалъ, гьединал чагIи унел рукIун руго Москваялде парччахIасде тIаде, жидеего хъулухъ тIалаб гьабизе. Гьедин цинги Дагъистаналда ханзабилъунги рахъун халкъ язихъ гьабулеб букIун буго гьез. Гьел бечедал чагIаз мискинзабазе гьабулеб зулмуги бихьун вахъуна Шамил, жинца гьеб халкъ эркен гьабизе къасдалда.
Ханзаби абун, мискинзабазухъа магъало бахъулел рукIарал гьел чагIи цоял чIван, цогидал туснахъ гьарун, жиндир квер щвараб бакIалдаса гIебеде лъугIизаруна шаргIияв имамас. Жиде-жидер ихтияралде мискинзабиги ккезаруна гьес. Амма гьанир мугIрузда къараб халкъалда гьоркьор хутIун рукIана чагIи, Ункъракьалдаго магъалоги лъун, жал ханзабигун нуцалзабазул чагIи ругинги абун. Къедив чIарав анцIила лъабго нуцалчи вукIана, гьез бахъулеб букIана Ункъракьалдаса магъало.
Ункъракьалъулал абулел чагIи ккола ЦIумада гIурухъа тIадехун чIараб халкъ. Цо кIкIал буго Къеди-Сасикьезул, кIиабилеб буго Хъваршиб кIкIал, лъабабилеб буго Силдиб-Гьакъоб, ункъабилеб буго Хъваршини-митаразул Хушетибе щвезегIан кIкIал.
Гьебщинаб халкъалдаса щибаб соналъ бахъулеб букIараб магъалоги: гьитIинаб росдадаса – лъеберго хIоржо, кIудияб росдадаса – кIикъого хIоржо.
Цинги, Шамил имамлъун лъугьун хадубги, гьединго хIоржал рахъизе абун вачIаравила гьел нуцалчагIазул лъабгояв. Силдиса ДенгамухIамадица, гьесулго гьалмагъ СагитмухIамадица, гьезулго гьалмагъ АсхIабил Гунаш абулев чиясги Къедиса рачIарал нуцаби нахъ чIвала: нужее гьанжелъизегIан магъало гIемераб кьунин, гьанже нижеца гьеб тIокIаб кьезе гьечIин, нижги гьанже Шамил имамасда кодор ругин абун.
Гьел нуцабаз абун буго: гурила, жидеда Шамил лъаларила, гьаб нужерги, силдал, нуж гурезулги ракь цебеккун букIараб гIадин ниж маликаб бугила гьанжеги. Гьединаб хIал букIинеб гьанжеги. Силдиса ДенгамухIамадица абун буго: нужеца бахъедилаха гьеб кIикъого хIоржо нижехъа, нижеца гьеб магъало кьеларила.
Цинги гъол ханзабигун нуцабазул зулму цебеккунги хIехьон ругьунаб - Силдиб росдал нахъияб жамагIаталъ абун буго ДенгамухIамадидаги гьесул гьалмагъзабаздаги: гьев Шамил имамасул шаргIияб низамги, гьесул гIадлуги нилъеда тIаде, Ункъракьалде жеги гIунтIун гьечIин. Кинниги нижеца гьабураб маслихIаталда чIайин нужги гьал къедиселги. Пуланав ГIисал МуртазагIали абулев чиясул бугин тIад месед бекьун къачIараб Истамбул-хъирим[230]. Нижеца гьезие гьеб кьелин гьеб магъалоялда цебеса. Гьеб хъиримги босун гьел нуцабиги чIайин, нужги чIайин.
Цинги Силдиса ДенгамухIамадица абун буго росуцоязда, гьеб хъирим кьейин нужеца гьезие, гьебги босун гьаб Силдиб росулъа къватIире гьел чагIиги унарилаха. Гьанже гьагъаб инстамбул-хъиримги босун инеян къватIире рахъаралила гьел нуцаби. Росдал рагIалде гьел щвараб мехалъ хадурги рачIун ДенгамухIамадицаги СагитмухIамадицаги гьезухъаги бахъун, гьеб хъирим ганчIилъ кьабун гъуризе хъундагъги гьабун, эхебе рехун буго.
Нуцабазе гьабураб гьеб кьварараб жавабалъул хабар рагIарав Шамилица гьев лъабавго силдисев жиндаго тIаде ГIашилтIе ахIун руго. ЦIакъ адаб-хIурматги гьабун ДенгамухIамад жиндир байрахъчилъун хъван вуго, СагитмухIамад Ункъракьалъул наиблъун гьавун вуго, АсхIабил Гунаш Силдиб росдал нусил бетIерлъун тун вуго.
Цинги Шамил-имамас гьадал Къедир рукIарал нуцабиян абулел чагIи чIван руго, гьеб ишалъе жиндирго муридзабигун Силдиса ДенгамухIамадги, Гъадариса ХIавалавги[231] рихьизарун. Гьел нуцаби дора Къедирго гъурун руго».
[229] Т. М. Айтберов, Ш. ХIапизов. МагIарулалъ хъварал тарихиял асарал. 2016 сон. 45 гьум. Цо дагьабго хъвай рекъе-решезабун лъолеб буго.
[230] НекIсиял тункIазул цо тайпа.
[231] Шамил-имамасул гIаштIичи.

Сасикьа Хъараласул АхIмад:

- Къеди росу бакьулъ, Кавуда гохIда хъалаги бан, ЦIумада гIурухъа байбихьараб, Эчеди майданалдаса тIаде Гуржиялъе щун, Чачаналъе тункун ракьалда тIад кверщел гьабун рукIун руго Хунзахъаги Сугъралъаги(?) рачIарал ханзабазул чагIи. Магъалоялъе бакIарараб пурчIина-ролъалъул гулги сверун бакIарун бухIун буго гьезул букIарабщинаб мина-милк Шамилил наибзабаз. Гьеб цIадулъ рухIун хун руго гьезул цоял, цогидал муридзабазги чIван руго. Гьединго чIван руго Сасикь чIей букIарал гьезул чанго чиги. Къедир жакъа гьезул наслабигун цадахъ гIумру гьабун ругел цогидал тухумазул умумулги Къиялъа, Гуржиялъа, Хунзахъа ва цоги-цоги бакIалдаса рачIун рештIун рукIун руго гьенир. Сверухъ ругел росабазул гIадамазего гIадин, гьезиеги букIун буго гьел тIадчагIазул къварилъи, гьезухъаги бакIарулеб букIун буго магъало, тIамулел рукIун руго хIалтIизе.

ГIалихъиличил МухIамадкамил:

- ГIурусазде данде рагъде рахъине Къедисез инкар гьабулеб бугин абун жахIдачагIаз рицарал гьерсаздаги божун, Шамилица Къедире ритIарал муридзабаз гьаниб гьабураб гIассилъи исламалдаги бусурманлъиялдаги данде кколеб жо гуро.
90 ялдасаги цIикIкIун сонал гIумруялъул ругев кIудияв ШагIбаница (яги гьесул вац ГIабдухаликъица), муридзабаз жив чIвазе вукIин бичIчIидал, гьезда гьарун буго цо как базеги жиндиего Ясин цIализеги те жив абун. Как бан лъугIидал, жеги какикьжоялда тIад вугев гьесул гарбида муридзабазул цояс нахъасанги вачIун ханжар бахъун буго. Гьеб къоялъ гьесул би тIаде араб Къуръан Къедиб мажгиталда букIанин бицунаан кIудиял чагIаз.
ЧIван руго гьединго лъимал ва лъимаде ругел цо-цо руччабиги, гьебги, цохIо гьел нуцаби абулел гIадамазул нахъе чи хутIичIого вукIинелъун. Амма тушбабазе бокьараб къагIидаялъ Аллагьас гьеб биччан гьечIо - гьел нахъе хутIун руго. Гьезул руго, Малалаз вахчун чIаго хутIарав васасдаса лъугьарал Гехалалги, цогидал ракI бухIарал къедисез рахчун хутIарал лъималазул Нуцалханилалги. Гьединго, КIудияв ГIамиргIалица чирмакъалиялда жанивги вахчун цIунарав, гьеб заманалъ жиндир 2-3 сон букIарав ХIамзатидаса лъугьараб нижер хъизанги. Бицен буго Кавуда си бухIулеб мехалъ гьениса къватIие кIиго гIолохъанай яс йорчIун йигин ва гьезул цояй Силдие ккун йигин. КIиабилей араб бакI дида лъаларо. Гьей Силдие арай гIаданалъул руго гьенир ругел Хъазиялин жидеда абулел гIадамал.
Гьеб ишалъулги гьеб гьедин ккеялъул гIиллабазулги мухIканго хал гьабидал бичIчIулеб буго, гьеб заманаялъ Дагъистаналда кибго букIараб гIадин, жидер рес бугел, рагIи билълъарал тухумазул, ханзабазул гIадамазде данде, гьезда цере жалги жидер умумулги рагьдателаллъун рукIарал чагIаз, Шамилида ва гьесул гъазаваталда мугъчIвайги гьабун, мацIалдалъунги хIиллаялдалъунги рагъ гьабулеб букIараблъи. ШаргIалда борцани, щиб къиматдай гьелъие кьелеб? Тарихалде балагьидалги бихьулеб буго гьел гIадамазул гIемерисел рукIин жал къватIиса рачIарал, риччаян гьарун, бекьизеги бецизеги бакIги кьун гьаб ракьалда тIаде риччарал. Гьеб лъикIлъиялъул хIасилги ахиралда умумузул кициялъухъе ккун буго - хIатIиде бахине биччараб нацI ахир бетIералдеги бахун буго.
Шамилил заманалъ жидер Сасикь рукIарал ракьазда тIад балагьулев чилъун гьез тун вукIун вуго Ангъал тухумалъул Тула-ГIиса ян цIар бугев, Къедиса Сурхайилгун гьудул гьалмагълъиялда вукIарав чи. Ахиралда, бетIерлъуда гьевгун, Къеди-Сасикь рукIарал мацIихъабаз, Шамилил наиб, ТIиндиса ГIаличулалгун (?) дандги бан, рачIун муридзабаз гьел нуцабазул махI бугел, гьезулгун гьоркьоблъиялда рукIарал гIадамазул гIемерисел чIвала. Гьедин жал чIваразул цIикIкIараселги Къедиса Бурашилазул, жидеда «уздензабиян» абулел чагIи ккола. Къедисел чIвалелде цо-кIиго къоялъ цере гьел муридзабаз чIван руго Сасикь рукIарал нуцабазул чанго чиги.
Муридзабаз ярагъ нахъе тIалаб гьабулеб букIун, гьеб тIалаб тIубалищ яги тIубаларищ, рагъищ гьабилеб яги квердейищ инел абурал суалазул хал гьабизе ракIарараб бакIалда нуцабазда гьоркьоб рикьи ккола. Цояз абула имамасухъе чи витIизе вугин ва гьев тIаде щвезегIан ярагъ нахъе кьезе гьечIин, цогидаз - ярагъги нахъе кьун муридзабаз малъараб гьабизе бугин. Гьениб «Нахги бахун кьезе буго ярагъ нахъе», - ян абурав чиги гьел Бурашилазул вукIун вуго. Ахирги дол хабалазул ракьанде, дугIа-алхIамалъе росу буссунеб кIудиял ганчIал ругеб бакIалдеги ракIарун, гьел ярагъ гIодоб лъезе тIамула, цинги «Гьанже нахъе а», - ян муридзабазги абун унаго, сверунги лъугьун гьез чIва-чIван гIодореги рала. Ярагъ нахъе кьечIел, рагъизе хIукму гьабурал гIадамал, Кавуда тIад сивунирги рахчун, лъабго-ункъго къоялъ, ахиралда муридзабаз сверун гулги бакIарун рухIизегIан рагъула.
Гьеб кьвагьа-гIанхъи бугеб заманалъ жиндирго кIиго ясгун Алдам вукIун вуго Кавуда сиялда жанив. Гьез цIун кьолеб букIун буго инсухъе кьвагьизе туманкI. РечIчIараб щвечIого букIине гIоло муридзабаз лулби рукIун руго жидедаго цере ккун. Гьеб бихьарав гьес гьезул чуязда речIчIизе байбихьун буго ва чу гIодоб кколаго гьелдаса вортарав муридасдаги речIчIулеб букIун буго.
Гьеб къагIидаялъ гьев жидехъе щоларевлъиги бичIчIунин гьез си сверун гул бакIарараб ва гьелда цIаги гъураб. ЦIа рекIиндал: «Мунгун цадахъ хвезе те, дада, ниж!» - ан гIодулел ясал гьес хIалги гьабун гьениса къватIире тункула ва къедасаги кьурулъаги рортун Кавуда гохIил аххаде гирун рачIуна. Гьеб сабаблъун гьезул цояй рекъайги лъугьун йикIуна.
Гьев Алдамил хобги нилъеда жакъа балагьаниги батула – гьелда гьесулги гьесул инсулги цIар хъван буго. (ГIалигъалбацIил Алдам – авт.) Бакъ бараб ракъдалаб риидал нилъер умумуз гьеб хабаде лъим тIолеб ва гьедин цIадги балеб букIун бугин бицунаан дир инсуца. Гьезул божи букIун буго вухIун хварав чиясул хобалде лъим тIуни цIад балин абун.
Гьеб цIа лъезе цевеккун сардилъ гьениса къватIивеги ворчIун, дир кIудияв эмен ГIалисултIанил инсул эмен Ханбулат Шамил имамасухъе, жиндир муридзабаз Къедиреги рачIун гьабулеб бугеб жо бицинеги ва щай гьеб гьедин бугеб гьикъизеги уна. Гьениве щведал гьесда дандчIвала хъабагун лълъел цIезе уней, Гуржиялъа гьитIинай яс ячIун гьезул рокъой хьихьун гIурай, хадуй Шамилие хъулухъалъе кьун йикIарай Тамара абун цIар бугей гIолохъанай гIадан. «Дир вац!» - абун йохун гьасие хъваш-башги гьабун гьей жиндирго нухда уна. Шамил вугищанги цIехон гьев вугеб бакIалде жаниве лъугьунаго, гьесул хъаравулзабаз «Цин ярагъ тIаса бахъе!» - ян буюридал, бахъиларин дагIбаги гьабун, гьезухъаги ворчIун унев гьев нахъасан туманкIги речIун, гьенив чIвала.
Лъедаса тIад юссун ячIарай Тамарада лъала чIван гIодов лъун вугев чи щивали ва, гIодобе хъабаги рехун, «Дир вацал чIвалев чиясе хъулухъ гьабулей гIадан гуро дун», - анги абун гьениса тIад юсун Къедие ячIуна.
Бицен буго, гьев Ханбулатил жаназаялда тIад сардилъ нур чIун бугин. Гьеб бихьарав Шамилил васас инсуда гьикъун бугин: «Эмен, гIака бечIчIулелин абун хIама бечIчIулел ругодай нилъ?» - ан.
Гьединаб къагIидаялъ нуцабиги цоги къедисезул рес бугел, рагIи билълъарал гIадамалги тIагIинарун, Ункъракьалъул мискин халкъалъ, Шамилица гьенив тарав наибги бетIералда лъугьун, гьезул буголъи, ракь жидедаго гьоркьоб бикьула. Гьедин бикьараб ракьалъул, Къедир рукIарал мискинзабазе щибаб кIкIуй рикIкIун 15 пуд хьалеб бекьулебги гьелда релълъараб бецулебги бакI щола.
Гьаб кинабго ккараб-тараб жоялъул хIакъалъулъ тIоцебе дир инсуда бицун буго, дир кIудияв эмен ГIалисултIанил ункъгIал жинда чIужулъун йикIарав, АмирхIамзалазулги ХIадисилазулги рукъалъул, гьеб заманалде жиндир гIумруялъул сонал нусилъе рахарав херав чияс.

ИбнухIажарил Халил:

- Дагъистаналдаго шаригIат билъанхъизабизе къватIиве вахъарав Генуса Шамилил боял Къедиреги щун руго. ГIемерисеб халкъ гьесда данде чIараб букIиндал, гьединалго рукIун руго Къедиса гIадамалги. Бицен буго, муридзабазулгун ккараб рагъулъ къедисезул кIикъого гIанасев чи чIванин, гьеб мехалъ гурони гьел гьезиеги мутIигIлъичIин. ЧIварал чагIиги гIемерисел жал нуцабазулин абулел гIадамал руго. Гьезул гьанже нахъе хутIарал чагIи ккола Нуцалханилалги, ИмангIалилалги. ГIалихъиличилалги ругин аби буго. Цоги чагIи дида лъаларо.

Зиявдинил Хайрула:

- Цебе заманалъ Кавуда тIад чIун рукIун руго Хунзахъа рачIарал ханзабазул чагIи. Бицен буго Шамилил муридзабиги рачIун гьезул мина-миркалда цIа лъун бугин ва цоял чIван, цоял рухIун, гьениса къватIие рехарай кIиго яс гурони нахъе чиги хутIун гьечIин. Гьеб заманалъ гьадаб ЩагIбанил рукъалъул тIохдаги чIван вуго кIиго гIолохъанчи. Гьеб кинабго чIвай-хъвейги гIадамазул мацI сабаблъун ккараб буго. МацI гьабурал чагIиги умумузда лъалел рукIун руго, амма жеги кIудияб питна ккеялдаса хIинкъун, гьезул цIарал рахчун тун руго.
Къедир хабалалъ ругел сиял тIад рарал занал руго гьел чIварал гIадамазул. Кавуда ругел цо-цо минабазул тIоцере рукIарал бетIергьаби, Къедиса нахъе ун, Сасикь жал чIарал Даитилалин жидеда абулел чагIи ругинги букIана цо бицен. Гьединго Къедиса арал руго Сасикь ругел БацIилалги. Цоги биценалда рекъон, доб «Гьидерил хабалалъ» рукIарал занал гьел нуцабаз ракIарун руго хабал сверун къед балеб заманалъ гьенир лъезе. ЛъикIал чагIи рукIун ругин гьелинги кинха абилеб, жидер ханлъиялда гъоркь вукIарав чанги мискин-пакъир къварид гьавун ватила гьез.

Насрудинил Писирхан:

- Дида лъалеб цо биценалда рекъон, мацIихъабаз гьавги гьавги абун хъван цIар кьурав кIикъого къедисесда, хабалазул ракьанде, садакъа гьабизе росу бакIарулеб, чIахIиял ганчIал ругеб бакIалдеги ахIун муридзабаз абун буго кинабго ярагъги гIодоб лъун нахъе айин. Ярагъ бахъи гурони цоги къварилъи жидее гьабизе батиларин ккарал гьез муридзабаз малъараб гьабун буго. Амма гьел гьениса гIемер рикIкIалъизе тун гьечIо. Дора Нахъа мегъалъул байдабазда сверунги лъугьун нахъе чи течIого чIван руго[232]. Гьел гIадамалги ханзабазул рукIанин абизе, ханзаби гьанир киса рукIинел? Бечедал, бажари бугел, рагIи билълъарал гIадамал рукIун ратила, жидеца жахIдачагIазеги мацIихъабазеги рахIат толарел. Гьединал гьел рукIинчI****и, Эчедибе, Гьигьалъе, Тушалъе, Къиялъе щун ракьаздаса магъало Къедибе бачIинароан.
...............................................
[232] Къедиб бицен буго, нуцабазул кIиго чи муридзабаз рохьдочIаниги чIванин. (Сурхайил Сакинат). РохьдочIани – радал гIалахалде ине цебеккун росдал рехьед бакIарулеб бакI. (ЗуралбакIалда аххада яги гьанже клуб бугеб бакIалда).

Расулил Сайдархан:

- Къедир гIадамалги чIван муридзабазул къокъа ун буго ГьагIмадибе. Гьел рачIараб заманалъ росулъ вукIинчIолъиялъ чIаго хутIарав нижер тухумалъул чи Ханбулат ун вуго гьезда хадув, жинца Шамил чIвачIого теларин абун. Мугъалда баччараб мехалъ Базали туманкIалъул хъундагъ ракьалда цулев гIадав къокъав чи вукIун вуго гьев. ГьагIмадиве щведал дол муридзабазда тIадеги ккун, щив вугев лъарал гьез гьевги чIван вуго.
КIудияв Халилица дида бицун букIана, нуцабиги чIван муридзаби нилъер гьаниса нахъе ун хадуб, имамас хабар бачIун бугин: «Цоги дозул махI бугев нахъе хутIарав чи вугищ Къедив?», - абун. МацIихъабаз ругин жеги гьединал чагIиян жавабги битIун, муридзаби тIад руссун цоги нухалъ рачIун ругин Къедире.
ГIабдулгIазилги Хайрулалги минаби ругеб бакIалда рукIун руго гIараб гIелму цIаларав лъабго вац, жидер ракьалги, боцIи-панзги гIадамазухъе ижараялъе кьун, руччабиги рачинчIого халваталда чIарал. Бурашилазул тухумалъул чагIи рукIун руго гьел. РачIун муридзабаз гьел рокъоса къватIире рахъинарун руго ва гьенив рукъалъул тIохде рахараб бакIалда цояв вац гьез туманкIги речIун чIвайдал, хутIарав кIигояв цоцахъ балагьун хутIун руго, цинги цояс цоясда абун буго: «Гьев лъова тIад цо нухалъ кванан вукIана», - ян.
Гьеб иш гьедин ккун батичIого букIинеги бегьула, амма бицаде хутIараб гьеб каламалъулъ нилъеда бихьула Кавуда рукIаразулгун гьел гIадамазул дандеккунгутIи букIараблъи. Щай гьеб букIараб лъаларо. Гьев кIиявго цоцахъ балагьун хутIиялъе ва гьеб рагIи абиялъе гIилла букIанин абула рухI бахъулелъул чIварав вацасда тIад нур чIечIолъи. Гьелги муридзабаз гьенир чIвала, амма гьезда тIад нур чIун буго.

ХважакIил Юсупил ГIумар:

- Дир кIудияй эбелалъ бицунаан нуцаби чIван хадуб гьезул руччаби-лъималазул 42 чи ун вугин муридзабаз цереги къотIун росулъа рачун. Кире гьел арал ва щиб къисмат гьезул ккараб жинда лъаларин. Гьелъ жеги бицунаан муридзаби Къеди рачIараб къо рузман къо букIун бугин.
Какдаса гIадамал рахъунеб гIужалъ щун руго гьел мажгиталда цере. РачIинахъего гьезул цояс, гIадамазда гьоркьов, жиндирго лъималазул лъимерги кодоб ккун вукIарав цо кIудияв чиясда цIар цIехон буго ва гьес гьеб бицун бахъиналде речIун туманкIгун гьев чIван вуго. Гьелдаса байбихьун буго хадуб ккараб чIвай-хъвей.

ХIажиясул ХIамзат:

- Шамилил муридзабаз Къеди росу кIиго нухалъ бухIун бугин бицунаан дир кIудияй эбелалъ. ТIоцебе гьез гьелда цIа лъун буго Игъадахъ магIарда рукIарал оцал сабаблъун. Гьел бодуе хъвезе кьечIин абун.

Сасикьа БацIиязул Арсланбег:

- Ункъракьалъул наиблъун тун вукIарав Сурхай кквезе муридзаби рачIиналъеги ва гьездаса лъутун гьев Къиялъе иналъеги гIилла букIун буго, жинца тIалаб гьабулеб ракьалда тIад гьес шаригIат билълъанхъизабулеб гьечIин, гIадамал куфруялдаги хъублъиялдаги жанир тIерхьун ругин абун, Гьаквариса наибас бачIараб гIарз.
Гьеб гIарзалъул хал гьабизе ва Сурхай жиндихъе вачине Шамилица ритIарал муридзабаз гьевги гьевгун цадахъ Арсланбегги (?), гьеб заманаялъ Имаматалъул тахшагьарлъун букIараб Даргъоре, Шамилихъе рачун рачIуна. Гьениб имамас гьезда цебе лъураб суал букIуна Сурхайица силдисезухъа бахъараб(?) ва Къедиб бугеб цогидаб ярагъ нахъе кьей. Арсланбегица абула: «Дицаги дихъ гIенеккулезги гьеб, нахги бахун, кьела, имам», - ан.
Гьелда Сурхайги рази вукIуна, амма гьев росулъе тIад вуссинчIого(?) Къиялъ вахчун чIола.
Гьебго къоялъ, Сурхай вачун унел муридзабазул къокъаялде данде кколареб къагIидаялъ Къиялъа рачIун, ТIиндиса ГIаличуласул бетIерлъиялда гъоркь муридзабазул цоги къокъа рештIуна Къедиб ва нуцабазулин абулелщинал гIадамалги данде ракIарун, гьадабго ярагъ нахъе кьеялъул суал цебе лъола.
Данделъи гьабула гьанже Хайрулал рукъ бугеб бакIалда, тIохда тIад.
Шамилихъе унаго Сурхайица жиндирго чагIазда абун тун букIуна: «Дун тIаде щвезегIан, щив вачIаниги, ярагъ нахъе кьоге», - ян. Цоги рагIи буго гьес абун бугин: «Нусил бетIералда дун гьечIони», - ян. Амма къедисез, цохIо Даитилазул Алдам хутIизегIан, киналго разилъун гьеб нахъе кьола. Алдам Кавуда тIогьив сивунив вахчула ва гьениса муридзабазде кьвагьдезе лъугьуна. Гьенив Чупалав абун цIар бугев цо муридги чIвала.
Сивуниса Алдамица речIараб жо жидеда щвечIого букIине гIоло цере лулбиги ккун, росдал гIараздаса бахъун гул муридзабаз цебеса цебе рехун сиялда сверун бакIарула ва цIа лъола. ГIемер кватIичIого гьениб жаниб букIараб туманкIул херги кьвагьун сиялъул тIекъелги бортула цояб рахъалдаса къедги биххула.
Гьениб кIиабилеб тIалаялда, жинда жанисан кьвагьизе гьабураб каратIалда цебе рагъухъан тIад вахъун чIезе лъураб мегIелиялда тIад, бахъун чIараб туманкIул хIараги кIиябго квералъ ккун, гьелда тIад нилъалзул хIамаги базабун, къеда мугъги цун, вахъун чIун ватула вухIун хварав Алдам.
Муридзабазул гьеб къокъа жинда гьоркьор гIемерисел къиялал ругеб букIун буго. Капурал ругин абун къедисез умумулъа тIадего жидее гIемер къварилъи гьабун, гьезда ццин бугел гьез 56 чи нуцабазулги гьезул рахъ кколезулги чIвала. ХутIарал гIадамал: херал, руччаби, лъимал, Къеди-Сасикьа къватIире рахъинарун, Хъварши мухъалде гочинарула. Цо биценалда рекъон, гьеб иш гьез гьабула имамасул амру букIун, цогидалда рекъон – жалго ургъун. Цоги бицен буго, гочинарурал гьел гIадамал Хъварши кIкIалахъа нахъеги рачун, Хаджалмахьир рештIинарунин ва гьабсагIаталъги гьенир гьезул наслабиги ругин. Гьезда гьоркьоса кIиго яц, нахъ руссун рачIун, Сасикь чIун руго ва гьениб «БухIараб кули» абулеб бакIалда кулал, мина-милкги бан гIумру гьабун рукIун руго.
Шамилил муридзаби Къедир ругел къояз чанаве ун вукIиналъ чIаго хутIарав нуцабазул чи Ханбулат гьедула жинца Шамил чIвачIого теларин ва гьесул чIей бугеб бакIалде уна. Шамилил рагъухъабазул ретIел чурулеб ва букъулеб бакIалда цогидал руччабигун хIалтIулей йикIуна гьев Ханбулатида цадахъ яц гIадин цо рокъой гIурай гуржияй Тамара. Гьелда гьев лъала ва йохун данде ячIуна. Гьеб бихьарал муридзабазда бичIчIула гьев щивали ва гьенив гьевги чIвала.
Гьавги, гьавги абун Къеди – Сасикьа нуцабазул цIарал Шами лил наибасухъе кьурал гIадамал гьидерил рукIун ругин абула. ГIалихъиличидаги БатагIалидаги гьезул цIаралгицин лъалел рукIана.
Чупалав абун цIар бугев чи вукIун вуго нижер тухумалъул кIудияв. Шамилил муридзаби Къедире рачIараб заманалъ Къуръанги кодоб ккун вахъун вуго гьев къватIиве ва: «Нижги бусурманал руго, гъазаваталдаги нижер кинабгIаги дандечIей гьечIо», - абун кIалъан вуго гьезда. ЧIван вуго гьевги гьесдаго хадур цоги гIемерал гIадамалги.
Гьеб заманалъ нилъер ракьалда тIад кIудиявлъун вукIун вуго гьел нуцабазул чи Сурхай. Къедире муридзаби ритIизе ругеб къоялъ Шамилица гьев жиндихъего ахIун вукIун вуго ва муридзабаздаги амру гьабун букIун буго, гьев вачIине бегьулеб нухалъ гурел, батIияб нухалъ айин. Къедив вугони, гьес дандечIей гIуцIизеги бегьулин абун ургъараб хIилла букIун буго гьеб.

ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:

- Нилъер мадугьалихъа цо - цо гIадамазги, ТIиндиса ГIаличулаца ва ТIелекьа КъебедмухIамадицаги, къедисез рагъде рахъине инкар гьабулеб бугин абун бицараб харбидаги божун, Шамилица битIун бачIараб муридзабазул боялъ нилъер нуцабазул чагIи, цоял чIван, цогидал чIагого сивунир рухIун тIагIинарула. Гьезул нахъе хутIарай кIиго яс цояй - Силдие, цогидай Гьакъое ккун йигин бицен буго.

Силдиса Насиб:

- Шамилил муридзабаз Къедир рукIарал нуцабазул чагIи чIвалеб мехалъ, гьениса лъутун Силдие ячIун йиго жинда Хижи ян цIар бугей ва жий лъимада йигей, гьел чIварал гIадамазул цоясул гIолохъанай чIужу. Силдив гьелъ гьавун вуго вас. Гьей Хижил цIар лъурай цоги гIаданги йикIана цее нижехъ.

СУРХАЙГИ ТУЛА-ГIИСАГИ
 
Гьев кIиявго чияс кIудияб бакI ккола тарихалъул хIакъалъулъ Къеди-Сасикь ругел биценазда жаниб. БатIи-батIиял гIадамаз батIи-батIи яб къагIидаялъ гьезул хIакъалъулъ рицарал биценазул киналго версияби гьанир лъолел руго, тарихалъе баянал цIуни мурадалда. (Авт.).

Сасикьа АхIмаднабил СайидмухIамад:

- Шамилил заманалъ гьесул муридзабазул кумекалдалъун тIаса рехун буго Ункъракьалда тIад Къедиса нуцабазул букIараб хIакимлъи. Гьеб ишалъулъ гIахьаллъарав дир тухумалъул кIудияв эмен Тула-ГIисал хIакъалъулъ нижер гьаниб гьадинаб бицен буго:
Гьел нуцабазул кIудияв Сурхайица, жиндиего ужраги босун, цIумадисезул гIи биччан букIун буго ХIорихъ абулеб бакIалде. Гьеб бокьичIел сасикьезул цо гIолохъабаз гьел нахъе къотIун руго.
Гьебго къоялъ Къедиса ункъго вац - Алдам, Арсланбег, Сурхай, цогидав дида ракIалда гьечIо, Шамилица жинда тIаде ахIун ун рукIун руго. Гьесухъе гIарз щун букIун буго гьезул ишазул бицараб. Шамилица гьездаса тIалаб гьабун буго жиндие мутIигIлъи. ЦохIо, хадув нижехъе гочарав Арсланбегица гурони, гьеб къабул гьабун гьечIо. Гьениса тIад вуссун вачIунев Сурхайида лъан буго цIумадисезул гIи нижер гIадамаз ХIорихъа нахъе къотIиялъул хабар ва гьев вачIинахъего какдаса рахъун мажгиталда цере ракIарун рукIарал гIадамазда тIаде ун вуго. Чодасацин рештинчIого гьес гьикъун буго: «ГIи лъица нахъе къотIараб?!» - ан. Гьесие жаваб кьезе цониги чиги вахъинчIого, гьенире ун рукIаралги нахъе къан сас тун чIедал, цо ганчIида гIодовги чIун жиндирго хьвацIихьитал хурхулев вукIарав Тула-ГIисаца абун буго: «Дица къотIана!» – ян.
Сурхайица жинда кодоб букIараб цIал гьесул бетIералдаса гъоркье щвезабун буго. Тула-ГIисацаги хурхулеб букIараб хьит Сурхайил гьурмаде бахинабун буго. «Цо регIидал дица чIела дур горбода мал!» - анги абун гьениса арав Сурхай, муридзаби Къедире рачIунел рукIинги лъан, Къиялъе ун вуго.
КIудияб, цIакъ щулияб си букIун буго гьел нуцабазул Къедиб Кавуда бараб. Гьеб гохIдаса гъоркье лъарахъе щвезегIан унеб нухцин сверун къедалъ бацараб, тIасан тIох гьабураб букIанинги буго бицен. Ункъго къо бан буго муридзабаз гьеб бахъизе кIоларого. Рагъалдалъун гьенир жанир ругел чагIи жидехъе щолареблъи бичIчIарал гьез сардилъ, гIараздасаги босун, тIорщалил гул бакIарун буго си сверун ва гьелда цIа гъун буго.
Гьедин гьенир жанир рукIаралги рухIун, жидехъе кквезе щваралги чIван, муридзаби тIад руссун Къиялъе уна. Сурхай жинда лъалев чи вугин абун гьез жалгун цадахъ гьениве Тула ГIисаги вачуна. Жиндирги гьесулги гIагарлъиги бугин, цоги чи вачеян чIун вукIарав гьев гьез мукIур гьавун вуго жалгун вачIине.
Къиялъ цо росдал мажгиталда жанив ватула муридзабазда Сурхай. Тула-ГIисал кумекалдалъун гьез гьев ккола ва вухьа-къан гIодов тIамула. Гьениб Сурхайил горбода хIетIеги лъун, Тула-ГIисаца гьикъула: «Лъица, Сурхай, горбода мал чIолеб букIун бугеб?!» - ан.

Сасикьа БацIилазул Арсланбег:

- Цо къваригIелалъ Сасикье щварав наиб Сурхайица, къулгIадухъ гIодовги чIун, жиндирго хьвацIихьитал хурхулев ватарав Тула-ГIисада чода тIасан кьабун чанго цIал щвезабула ва: «Дуца щай гьадал дир хурзал рекьарал? Цо дун регIидал дица чIела дур горбода мал!» - ан абула. Гьеб иш сабаблъун гьесулгун тушманлъиялда вукIарав Тула-ГIиса, Шамил имамасул тамихIалдаса вахчун Къиялъ вукIарав Сурхай цIехезе муридзабигун цадахъ къватIиве вахъуна ва гьел гьениб цо росдал мажгиталда вукIарав гьесда тIаде ккола.
Какги бан гIодов чIун вугев Сурхай нахъасан тIадги речIчIун ккун чIезавула Тула-ГIисаца. «ГIиса, мунищ? Цоги чияс дун гьадин кколароан!» - ян абула Сурхайица. КIиявго гьев вукIуна кутакал, цоцадаса къолареб гIадаб къуват бугел чагIи. Муридзабиги цадахъ лъугьун вухьа-къан гIодове рехарав Сурхайил горбода хIетIеги лъун, Тула-ГIисаца гьикъула: «Лъица, Сурхай, горбода мал чIолеб букIун бугеб?» - ан. «ХIал бергьараб мехалъ лъицаго чIола», - ян жаваб кьола гьесие Сурхайица.
Гьев Тула-ГIиса вуго Сасикьа Ангъал тухумалъул чи. Цоги биценалда рекъон, Сурхайги гьевги гьеб иш ккезе цереккун лъикIал гьалмагъзабиги рукIун руго.

Сасикьа АхIмаднабил СайгидахIмад:

- Сасикьа Тула-ГIисаца Цидурохьоса къотIараб цIул букIун буго лъарахъе гIодобеги цIан, нахъе босичIого. Кире ун рукIарал ва кин гьенире ккарал лъаларо, хIамулгун гьениса рачIунел Сурхайил чагIаз гьеб цIул хIамузда лъолеб бихьарав цо сасикьес ГIисада бицун буго дур цIул бугин, ГIиса, нуцабаз хIамузда лъолебан. ГIисаца абун буго биччан тейин, гьанире щведал дун гьезухъ балагьилин, гьеб гьединги эхеде баччизе кколебги букIанин.
Баччун цIулгун къедисел Сасикье щвараб мехалъ ГIиса мажгиталда цеве гIодовги чIун вукIун вуго. Цереса эхеде хIамул унаго бахъун ханжаргун гьес цIул бухьарал лълъубал къотIун руго ва цIул гIодобе бан буго[233]. Гьеб иш сабаблъун ГIисалгун тунка гIуси ккедал абураб буго Сурхайица «Дица чIела дур горбода мал», – ан.
Сасикь ТIасиял хабалазда аскIоб, Гьабол рукъалда цебе бугеб хур бекьулел рукIун руго Сурхайил гIадамал. Тула-ГIисада сасикьез абун буго дур хур бекьулел ругоха, ГIиса, нуцабиян. ГIисаца, гьенивеги ун, гьезул цIулал пуруц гъурун буго.
[233] ХIамузда хадуй Сурхайил чIужу йикIун йиго.(Сасикьа Сайпулал ГIусманица бицана).

ГIалихъиличил МухIамадкамил:

- Росулъ ккарабги рагIун гьениве вачIинеян къватIиве вахъарав Сурхай, нухда сордо базе чIараб бакIалда гьоболасухъеги инчIого, мажгиталда рещтIун вукIуна. Сасикьа Тула-ГIисаги цадахъ вачун Сурхай кквезе абун Къиялъе рачIарал муридзабиги, рокъоса гьевги ун ватун, араб рахъалъул цIех-рех гьабулаго гьеб мажгиталда гьесда тIаде щола. Кутакав чи вукIиналъ гьев кквезе гьезул чангояв речIчIула ва цадахъ Тула-ГIисаги лъугьун, вухьа-къала. Жив вухьулев чи щив вугев лъарав Сурхайица гьесул гьурмаде тула ва: «Ярагъ кьурав чукъа, чу кьурав гьудул, мунищ дир кверал рухьизе ватарав?» - абун кIал гьикъула. Гьениб гьезул бетIерас ишан гьабун цо муридас Сурхайил мугъалда туманкIги речIула. ГIодов ккун холев вугев гьес Тула-ГIисада абула: «Аллагьасе бокьулеб цогIаги гIамал дир батани, дица дудасан, хун вугониги, къисас босила!» - ян.
ГьетIа-кIичIалъа гъоркье гьел муридзабазул къокъа бачIунаго пархун араб мокъокъалдаса яги гIансаялдаса тIурун гIодоб ккараб жиндирго чода гъоркьги ккун хола гьесда туманкI речIарав чи. Тула ГIисаги, гьелдаса хадув чанго бакIалдаса вортун, «Щиб лъугьараб, лъица дуе гьаб гьабураб?», - абун гIагарлъиялъ цIехедал, «Сурхайица, Сурхайица», - ян абулаго хун вугин бицен буго.
Гьаб кинабго ккараб жоялъул хIакъалъулъ тIоцебе дир инсуда бицун буго, дир кIудияв эмен ГIалисултIанил ункъгIал жинда чIужулъун йикIарав, ХIадисилазул ва АмирхIамзал рукъалъул, гьеб заманалде жиндир гIумруялъул сонал нусилъе рахарав херав чияс[234].
[234] Нижер хIисабалда, гьеб хабар ГIалихъиличида бицарав чи вукIун ватизе вуго кIудияв ГъазимухIмадил вас АмирхIамза. АмирхIамзал вац ХIадисица бицун батизеги рес буго . Архивазда ругел хъвай-хъвагIаязде балагьидал баянлъана гьеб иш ккараб 1844 соналъ гьев ХIадис гьитIинав гIолохъанчи вукIараблъи.

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Къедиса нуцабаз цо заманалъ Ункъракьалда ва гьелда сверухъ ругел цогидал жал бетIергьанал ракьазда тIад хIакимлъи жидедаго гьоркьоб бикьун букIун руго. Гьедин бикьараб, Къиялъ бугеб Хонокье, Хашакье, ГьагIмадибе, Шаро-аргуналде щун бакI Къедиса Сурхайил бетIерлъиялда гъоркье ккола ва гьес тIалаб гьабун букIуна. Гьесул чIейги гIемерисеб мехалъ гьенибго букIуна. Шамилил муридзаби Къедире щвелалде цебе яги гьел гьенир ругел къояз росулъеги вачIун, гьес жиндирго агьлу-хъизан Чачаналъе хъамула. Гьел рукIана дир кIудияв инсул эмен ХIадис, гьесул эмен ГъазимухIамад (хвана 1880 соназул ахиралда – авт.), ГъазимухIамадил вац АмирхIамза (хвана гIага-шагарго 1885 соналъ – авт.) ва гьединго цогидал руччаби, лъимал. Къедиб букIараб гIагарлъиги гъурун рачIуна Сасикьа Тула-ГIисагун цадахъ муридзабазул къокъа Чачаналълъе Сурхайида хадур ва гьенив кквезе щварав гьев гьез чIвала. Вукъунги гьев ГьагIмадив вугин абула[235].
[235] 2018 соналъ ГьагIмадир хабалалъ цIех-рехал гьаруна, амма гьениб Сурхайил хоб батичIо. ТIаде ккечIолъиялъ букIинеги бегьула. 

Сасикьа Даитилазул ИсрагIил:

- Дида дир инсуца бицана Шамилил заманалъ нилъер мухъалда наиблъун вукIарав Къедиса нуцабазул чи Сурхайица ритIун гIадамалгун силдисезухъа ярагъ бахъун букIун бугин. Гьеб зулмуялъул бицун гьез бачIараб гIарзалъул хал гьабизе ва Сурхайие тамихI гьабизе ритIарал рукIун ругин имамас муридзаби Къедире. Гьебги лъан, жиндирго хъизан-лъималги рачун Къиялъе арав Сурхай, хадур рачIарал муридзабаз кквезеги ккун, чIван вугин. Къедирги гьез нуцабазулин абулевщинав чи цоял рухIун, цоял чIван лъугIизарун ругин.
Цоги, инсуца бицунаан: гIурус пачаяс виччан хIежалде унев Шамилица цо жинда данд чIвазе рачIарал гIадамазда абун бугин, жиндир муридзабаз Къедиб гьабураб вахIшилъиялда цIакъ ракI бухIун вукIунин жив, гьел гIадамазда гьарейин кин букIаниги жинда тIаса лъугьайин.

ГIИСАЛ ДИБИРГИ ХАТИЛ МУХIАМАДГИ

Сасикьа Сайпулал ГIусман:

- Сасикь бугеб Хелкьал тухумалъул чи ГIисал Дибир ангъадерил Къебед-МухIамадил гIияда вукIун вуго цо заманалъ. ЦIакъ жоялда хадув гъурав лебалав чиги вукIун вуго гьев.
Шамилил заманалъ Хатил МухIамад вукIун вуго Ункъракьалъул наиблъун, ГIисал Дибир – гьесдаги Шамилидаги гьоркьоб бухьен чIезабулев чилъун. Цо нухалъ имамасухъе щварав ГIисал Дибирас Шамилида бицун буго Хатил МухIамадица бетIерлъи гьабулеб бодулъ чIварал чагIи гIемерлъун ругин. Гьелъие гIилла щибан цIехедал, абун буго гьес рагъуе цевехъанлъи гьабулеб гьечIин, рагъухъабазда цадахъ вукIунев гьечIин. Имамас наибасда амру гьабун буго рагъулъ цеве вукIине ккелин. Гьелдаса хадуб кивго рагъухъабазда цеве-цеве вукIарав гьев гуржиязулги цIунтIасезулги мугIрузда тушманасул гуллидаса хун вуго. МухIамад чIван хадуй гьесул чIужу Меседо гьелъул вац Тула-ГIисаца ГIисал Дибирасе кьун йиго. Гьенив гьелъ гьавун вуго ХIасан ва ХIосен абун кIиго вас.

Сасикьа Хъараласул АхIмад:

- Къедиса нуцаби чIван хадув Шамил имамас Ункъракьалъул наиблъун жив тарав Сасикьа Хатил МухIамад вукIун вуго Къуръ анги рекIехъе лъалев лъикIав бусурманчи. Наиблъун гьев теялъул суал цебе лъураб цо данделъиялда гьесда данде чIаразе жавабалъе Шамилица абун буго: «Нужеда гьоркьов цогIаги гьечIо гьесда гIа дин Къуръан лъалев чи», - ян. Гьединго гьев вукIун вуго залимаб черхалъул ва гьелдаго релълъараб къуватги бугев инсан. Гьединлъи дал, чуги гьелдаго цадахъ гIорцIенги бачунаанила гьес сапаралде. Эхеде вахунаго - гIорцIен, гIодосан унаго – чу - иргаялда рекIине.
Живго гIадав къуватав цо чачанасулгун ккараб къецалда гьес, дандиясда ракьалдаса батIа гьабизе гурони кIвечIеб гIарада накалде щвезегIан борхун буго, гьединго ункъго ратIал бакIлъи бугеб гамачIги щуго рокьобалъ гьесдаса рикIкIаде рехун буго. Гьеб гIуж босизе кIолев чиги гьеб бодулъ цоги вахъун гьечIо.
Гьев вукIун вуго, гIемер Аллагьасда гьарун, местIеразухъе, цIаларал чагIазухъе хьвадун, жидер гIумруялъул сонал лъабкъойиде рахараб мехалъ гьавурав эбел-инсул цо бугеб лъимер.
Гьавураб мехалъ цIакъго загIипав вукIиналъ эбелалъ гьев инсул хъаца - тIогърода жанив лъолаанила. Гьенисаги вахъун, черхалда нах ги бахун цо-цо горда лъунги вукIунаанила. Гьедин лъун вукIарав гьев цо нухалъ хъацагун цадахъ вилун вуго. Васги тIагъурги рокъоса тIагIи тIатарай эбелалда гьев катица цIцIан ун цогърода гъоркь ватун вуго.
Жеги гьитIинав вукIадго эмен Хъаралавги хун эбелалъ гIезавизе ккеялъ буго гьесда Хатил МухIамадин абулеб. Гьеб заманалъ кIудияв эмен ГIумар чIаго вукIиналъ гьесда ГIумарил МухIамадинги абулеб букIун буго.
Наиблъун вугеб заманалъ щунусго рекIарав-лъелав рагъухъ ан вукIун вуго гьесул къокъаялда. Рагъулъ тушманасдехун цIакъ гурхIел гьечIев вукIанин гьев абунги буго бицен. Кквезе щварав асирги гьес чIаго толев вукIун гьечIо – лъазе къваригIараб жоги лъа забун чIвалев вукIун вуго. Гьединав вукIиналъ гьесул бетIер босун вачIарасе гIурусаз гIемераб гIарац-месед бицун букIун буго. Ахир ги, рагъуе бетIерлъи гьабичIого бодул къокъаялда гьоркьов чIолев вугин абун бачIараб гIарзги кьочIое босун, Шамилица гьесда амру гьабула боялда цеве вукIаян ва гьелдаса хадуб цIунтIадерилги гур жиязулги гIорхъода гIурусазулгун ккараб цо рагъулъ гьев чIвала.
Гьев чIвараб ва вукъараб бакIалда аскIоб бугеб росдал гIадамаз бицуна, ихх бачIун ракьги ччукIун цо заманалдаса хоб рагьун бугин. Хваралдаса нахъе чанго сон ун бугониги, жеги бицин тIад бакъвачIого жакъа хварав чиясул гIадин батун бугин гьесул жаназа. Амма гьелда тIад цояб гъежги бетIерги букIун гьечIо. ХIисаб гьабидал дида ракIал да ккола, гьев хиянатчи гьавун мацIигъулел рукIарал унго-унгоял хи янатчагIаз гьеб ракьулъаги бахъун гIурусазе бичун батилин, Шамилихъе гIарзгун ингицин гьез гьелъие ургъун гьабун букIун батилин.


Рецензии