Къеди ва къедисел. 5 бутIа. ГIурус пачаясул заман

КЕДИ И КЕДИНЦЫ
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 5
Времена русского владычества
(На аварском языке)

Вступление

ЦЕБЕРАГIИ
 
18 гIасруялъул къоабилел соназдаго, Петр-тIоцевесев абулев гIурусазул пачаяс Дагъистаналде ва гьениса Ираналде гьабураб чабхъеналдаса байбихьана Россиялъул империялъ Кавказ жиндир кIибетIераб цIумалъул куркьбазде гъоркье цIай. Гьелдаса хадуб гIемер батIияб жоялъул хIалбихьана гIурус ханзабаз гьеб мурад тIубазабиялъе гIоло. Гьел хIалбихьиязул хIасилалда, 1813 соналъ «Гюлистаналъул къотIи» ян абулеб къотIи шагьасулаб Ираналъулгун хъвалелдего гьеб мугIрузулаб улкаялъул цIикIарасеб рахъ гьезда гъоркь ккунги букIана. ХутIун рукIана Шималияб Кавказалъул мугIрузул цо бутIаги, гьел мугIрузда гIумру гьабун рукIарал батIи-батIиял халкъалги. Россиялъе Кавказ тIубанго мукIурлъараб заманлъун тарихалда 1864 сон рикIкIунеб букIаниги, абизе бегьула 1859 соналъ Гъуниб магIарда Шамил асир гьавиялдалъун лъугIанин гьеб цо гIасругин бащадаб заманалъ халат бахъараб, Петр-I пачаясго байбихьараб чабхъен.
Гьеб цIакъ кIвар бугеб, кIудияб лъугьа-бахъиналда гIадатиял гIадамаз кинаб дандчIвай гьабураб абураб суалалъе жаваблъун рачине бегьула гьеб заманалъ Дагъистаналда букIараб хIалалъул тарих бицун таразул рагIаби. «Дунялалда тIад щиб лъугьаниги ургъел гьечIо гьанже нижее, - ян абулеб букIана гIадатиял гIадамаз»[236]. Цебего чIалгIун букIана халкъалда гьеб лъугIи гьечIеб, ахи-махириябги би мугIруздаса цIцIураб къеркьей.
Шамилил хIукуматалъул рукIарал цIикIкIарасел наибзаби, цо дагьалго хиса-басиялги гьарун, рукIаралго хIалтIабазда тана Кавказалъул цIиял хважаинзабаз. Дагъистан бикь-бикьана батIи батIиял мухъазде ва гьел мухъазда тIад Россиялъул армиялъул инаралзабилъун рукIарал гуржиялги эрмениялги тана. Гьедин, сон рукIарал тушбабазул нухмалъиялда гъоркь, цIияб жигаралда хIалтIизе наибзабиги лъугьана.
«Ункъракь ва чIамал наиблъи»-ян букIана къедисел ругеб ракьалда гIурусазул хIукуматалъ ургъараб цIияб гIуцIиялда цIар. ГIанди мухъалда гьоркьобе унеб гьелъул наиблъун 1860 соналъ тIамун вукIана Шамилил вукIарав хазиначи КIкIаратIаса ХIажияв.
ХIажиясги бачIинахъего Ункъракь живго бетIергьанаб колоде сверизабуна. Къадру бугел тухумаздаса руччаби рачана, лъикIал тIаса рищун мугIрузде жиндирги, жиндир гIагарал-божаразулги гIи-боцIи гъуна, Россиялъ тIалъи босизегIан живги гьоркьов вукIараб хIукуматалъ гьардухъанлъиялде ккезарурал бакIалъулал гIадамал лагъзал кинигин жиндиего хIалтIизаруна. ХIасил, цохIо гIадамаздаса бакIаризе тIадаб магъалоялъул гурони хIукуматалда цебе жаваб кьезе кколарев бакIалъулав ханлъун лъугьана.
1859 соналъ муридзабазул хIакимлъи тIаса арабго жидерго ватIаналде тIад руссана 1844 соналъ гочизарунниги, лъутунниги ун рукIарал къедисел. Имаматалъ рахъун рукIарал ракьал, боцIи-мал нахъ буссинаби тIалаб гьабун гIемер хъвадарана ва хьвадана гьел цIиял хIакимзабазул консилараздеги диваназдеги. Гьелъул хIасил букIана цохIо рекьулел ракьал ва рецаби, гьединго мина-милк ва кулал рукIарал чIваднал тIад руссинаризе кIвей. Амма цо-цо мугIрулги, рецулел ва рекьулел ракьазул цо бутIаги къедисезухъе тIад руссинаричIого тана. Абизе бегьула гьелъие ккараб бищунго кIудияб гIиллалъун букIанин гьел мугIрул гьеб заманалъ ХIажияв наибас живго бетIергьанаб ракь гIадин хIалтIизарулел рукIин[237].
Ункъракьалъулазе жиндир букIараб зулму сабаблъун 1871 соналъ чIвана ХIажияв. Гьеб ва гьев чIван хадуб Ункъракьалда багъарараб яргъид гIуцIараб дандечIей сабаблъун щуго росу бухIана ва гьел росабазул гIадамал тамихI гьабун Истараполалде гочинаруна гIурус хIукуматалъ. 1871 соналъ яги, гьелдасаги цебе, 1861 ва 62 соназ Ункъракьалда рукIарал дандечIеязда гьоркьор Къеди-сасикьел гIахьаллъун рукIинчIо, гьединлъидал гьезда гьеб тамихIги хъатIичIо.
Гьел лъугьа-бахъиназдаса хадуб, зулму гьабиялдалъун гIадамал мутIигI гьаризе лъугьиналъ лъикIаб хIасилалде рачунареблъи бичIчIараб бакIалъулаб хIукуматалъ халкъалъе нухмалъи гьабиялда жаниб жинда кIвараб хIалалъ ритIухълъи цIунизе байбихьана. Гьеб нилъеда бихьула тIехьалъул гьаб бутIаялда лъун ругел доб заманалъул цо-цо кагътал цIалулаго. Гьелдаго цадахъ абизе ккола, Россиялъ Дагъистан босизегIан цере рукIараздаса яги 1917 соналдаса хадур халкъги гуккун рачIараздаса гIадинаб зулму къедисезда гьеб пачаясул хIукуматалдаса бихьичIин.
Амма, кин букIаниги, КIудияб Россиялъул «цебе тIураб» халкъалда гъорлъеги лъугьун цIияб гIумру гьабизе байбихьаралдаса нахъе 40 сон араб 1900 соналъги гIадамазул рукIа-рахъиналда жанир цIиял жал ва гIумру гьабиялъул бигьалъаби цIакъ къанагIат раккун рукIана. Гьебги нилъеда бихьула архивазда ругел цо-цо баяназдаса.

[236] ХIажи-ГIали Нахибашев – начальник контрразведки Шамиля.
[237] ТIад руссинаричIого тарал рекьулел ва рецулел ракьалги цо-цо мугIрулги цогидал росабазухъ хутIана.

 БОЛЪИХЪ ДИВАНАЛЪУЛ ВА ЦО-ЦО ХIАКИМЗАБАЗУЛ ХIУКМАБИ (1862-1906 сонал).
 
1. ЗАКIИКЬ РАКЬАЛ РИЧИЯЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ХАБАР[238],[239]

ТIОЦЕБЕСЕБ КАГЪАТ
(Къеди жамагIаталъул рахъалдаса).

ГIанди мухъалъул хIаким, жиндир къадру кIудияв полкIовникI Егоровасухъ. Нижер рахъалдаса дуеги нуж киназегоги рецц.
Гьелда хадуб:
Нижер мурад буго дур тIадегIанаб къадруялъул рахъалдаса мун гIенекки гьаб кагъат босун духъе вачIарав гIалим ГIалихъ. Гьев ГIалица бичун босана ракь гьелъул бетIергьанчи Къедиса Шишхахъа. Гьениб букIана гьесул хварав вац Чупаласул лъималазул бутIа. Гьезул хIажалъиги букIана гьеб ракь бичизе. Гьел лъималазул валиги вукIана Гьел Лъондодаса ГIавухъа МухIамад[240] абулев чи. Гьел лъималазул хварав инсуда тIадги букIана налъи гьел лъимал гьеб тIобитIизе гIоло хIажалъулеб гьеб ракь бичиялда. Гьединлъидал гьезда гьоркьоб ккана битIараб даран, дов рехсарав къазиги ятимзабазул инсул вацги рекъон, Къедиб рузман-мажгиталда. Гьенир рукIана гьеб жамагIаталъул гIемерал гIадамалги. Цинги гьев рехсарав къазияс гьеб жамагIаталда гьоркьосан рищана нугIлъиялъеги ва кагъат хъвазеги чагIи, гьеб духъе щвараб къадаралда: 
 
БетIер Къади-МухIамад
Къази МуртазагIали[241]
Барима МухIамад
Загьралав
МухIамадгIали
жалги гIадилал.
 
Гьаб бицарабщинаб жо нижедаги лъалеб буго, ниж гурездаги лъалеб буго, дуца азарго нухалъ гьикъаниги, нуж кIалъалел рукIиналда нужер щаклъи гьечIеб гIадин. Нижее гьеб иш машгьурабги буго борхалъуда бакараб цIа гIадин. Нижеца гьаб цебе бицараб жоялъе нугIлъиги гьабула. Нижеца гьаб кагътида хъвараб жоялдаги нижер рагIабаздаги мун щаклъуге, гьеб якъинаб хIакъаб буго, машгьураб даран, къотIи къайги буго.
(Гьаб кагъат буго) кинабго Къеди росдал жамагIаталъул рахъалдасан, хасго гьезул бетIерасулги къазиясулги рахъалдасан.

[238] Гьал кагътал руго Сасикьа Абубакр Шайхиласухъ (ГIабдужалилил).
[239] ЗАКIИКЬ КУЛАЛ: I. Ихил кIудадал. (Суракъатил Нажмудинил Шамсудинил). 2. ЗакIикь лъар бахун добехун – ГIусманил Сайпудинил. 3. Гьелдаса тIаде – Денгалги, Денгал ГIабдукаримилги. (Шарапудинихъ бугеб). (Гьелдаги ЗакIикь абула). 4. Лъар бахун гьанибехун ЗакIикь – ГIабдуразакъил. 5. ЗакIикь лъарахъ хурзал – ГIусманил Сайпудинил ва Нуричул МухIамадил. 6. Гьенибго лъарахъ – Заргьаласул. (Лъаралъ ччукIизабуна кинабго). 7. Лъар бахун добехун – Суракъатил. 8. Гьелда аскIоб, цIияб бараб – Шамсудинил ва Къурбанилазул МухIамадил. 9. Гьенибго аскIоб, росулъехун – Зургьаласул. (СагIитил ХIамзатихъ буго). (Гьал киналго гIадамал Сасикьа руго).
[240] Къедиса СагIидил МухIамадханилазул чи. Къеди вукIарав къази.
[241] ГIавухъа МухIамадил вас.


КIИАБИЛЕБ КАГЪАТ
(Сасикь жамагIаталъул рахъалдаса).

Жиндир къадру-макъан тIадегIанав полкIовникI Егоровасухъе, (живги) ГIанди мухъалъул хIаким. Нужер къадруги, нужер кверщелги цIикIаги.
Гьелда хадуб:
Дур тIадегIанлъиялде гьаб кагъат битIиялдасан нижер мурад буго нижеца дуе баян гьаби гьав гIалим ГIалидаги Къедиса Чупаласул лъималаздаги гьоркьоб ккараб жо.
Гьев ГIалица бичун босана гьел Чупаласул лъималазухъа хурзал гьел балугълъилелде цере битIараб дарамалдалъун гьеб росдал (Къеди) къазиясдасан, гьел лъималазул имгIаласдасанги, гьезул жо лъалел чагIаздасанги, гьел лъималазе маслихIаталъе гIоло, гьезда тIад ккараб налъиялъе ва напакъаялъеги гIоло.
Ниж дуда щаклъуларо, я нижер мугъ чIвалев чи, дуца зулму гьабиялда.
Гьев ГIалида рекъоларо зулмуялдалъун щибго жо босизе, кIкIарадул кваркьи гIадаб жо букIаниги.
Гьадинал лъугьа-бахъинал ккана нижер агьлуялъул гIемеразда гьоркьорги.
Гьалда релълъарабщинаб жоялде мун гIенеккани, дагIба тIубаларо абадил-абадиялъ. Дур тIадегIанлъиялдаса дуца нижее балагъе гьадинаб жо гIодобе буссинабизе нух.
Ниж нугIзал руго гьаб лъугьа-бахъин шаргIалда рекъон ккеялъе. Нижги Сасикь росдал жамагIат ва нусил бетIер.


ЛЪАБАБИЛЕБ КАГЪАТ
(Сасикьа ГIалица хъвараб).

Жиндир къадру-иш тIадегIанав полкIовникI ва хIаким Егоровасухъе.
Гьелда хадуб:
Дуца гIин тIаме нужер чIухIараб рагьдухъе кIанцIарасда, дуда бичIчIизе дир рекIел хIал. Дица бичун босун букIана салулги, ганчIазулги, иххилги цIураб ракь гьеб ракьалъул бетIергьанасухъа. Гьенибги букIана… (гьесул) хварав вацасул лъималазул бутIа. Гьел ятимзабазул чара тIагIиндал, гьезул кодоб бугеб жоги лъугIидал, гьел рес къотIиялъ кIанцIана ракь ва … ричиялде. Гьез дидасан тIалаб гьабуна гьезул имгIаласухъан бичун босараб гьеб бакIалъул бутIа бичун боси. Гьеб мехалъ дун ана Лъондодаса ГIавухъ–МухIамад къазиясда аскIове гьесдасан цIехезе ятимзабазул бутIа бичизе бегьи яги бегьунгутIиялъул хIакъикъат. Гьенире гьес рачIинаруна гьел лъималазул имгIал ва Къедиса жамагIат. Гьес гьездасан баян гьабуна гьел чара гьечIолъиялъ гьеб ракь бичиялде ккей. Гьез гьесие баян гьабуна, гьез гьесдаги бицана гьел лъималазул хIажалъи ккей гьеб ракь бичиялда, гьезул пакъирлъи-хIажалъиялъе гIоло. Гьеб жамагIаталъги абуна гьел ятимзабазул милкалда гьечIин жиб бичизе мустахIикъаб цоги бакI.
Гьеб мехалъ къазияс вакил гьавуна гьезул имгIал дунгун даран гьабизе. Гьес битIараб даранги гьабуна. Гьенибги букIана гIемерал гIадамазул къокъа. Дица гьеб мухьги кьуна гьезул имгIаласул кодобе гьездаги бихьун. ГIадилал чагIаз гьелъул къиматги чIезабуна. Цинги, гьелда хадуб дица гьеб ракь къачIана, гамачI бахъун, рагIал-бокIон битIизабун.
Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб ана къого сон гIанасеб заман. Ракь бичулелъул гьитIинал рукIарал гьел ятимзаби дунгун дагIбадизе рахъана, инарал-майор Лазарев[242] Къеди майданалде вачIараб мехалъ[243]. Гьез гьесдехун гьелъул бакки гьабуна. Гьез абуна: нижер ракьги хурзалги ругин гьев чиясул кодор хIал гьабун нижехъан ккурал, гьелъие нухго гьечIого. Наиблъун вукIарав жидер эмен Шамилил амруялдалъун чIвайдал. Гьеб мехалъ гьев инараласул ццим бахъана, гьесги абуна гьеб бакIги гьел хурзалги гьел лъималазе те абун. Дидаса гьес жавабги цIехечIо, дидехунги вуссинчIо. Дица Аллагьасул цIаралдалъун дуда гьарула нижер дагIбаялъул хIакъикъаталдеги балагье, нижер ишги тIубазабе бацIцIадаб шаргIалдалъун яги нужер гIадлуялдалъун… Дирги ракI гьалдолеб буго мун дир ишалда данде чIедал, хасго гIадамазда гьоркьоб, гьеб кIиябго нухалъул цогIагияб гьечIого (дуца хIалтIизабичIолъиялъ). Гьаб дир лъугьа-бахъиналда релълъараб мисал тIубанго жиндир рагьу буччараб буго. ГIажаибаб жо буго гьев кIудияс (Лазаревас), хIакъикъатги баян гьабичIого, ракь нахъе кьеян амру гьаби, гIадамазда гьоркьоб беццарабги букIадго халкъ битIараб жоялде тIоритIи. Дун мискинасул хIакъалъулъ кин букIинеб, дунги гIадамазул гIажизав ва загIипавги вукIаго. Мун балагье, я гьав камилав, дир ишалда, бугеб хIалалъул хIакъикъат дуда лъазе. Мунги вуго гIадамазул муршид (гIадамал битIараб нухда тIоритIулев). Дуца дун тIовитIе, дуца дун щвезеги гьаве дир мурадалде.

[242] Лазарев Иван Давидович. Родился 17 октября 1820 года в армянской семье в городе Шуша. В 1859 году — командующий войсками и начальник временного военного управления в Среднем Дагестане, перед капитуляцией Шамиля по просьбе имама отправился в окруженный Гуниб для переговоров об условиях сдачи.
[243] Гьеб букIана 1861 соналъул риидал заман. Ункъракьалде Лазарев вачIун вукIана гIурус армиягун, Гъоркьхъваршиниса Куракул МухIамадил бетIерлъиялда гъоркь багъарараб яргъид гIуцIараб дандечIей къинабизе.

УНКЪАБИЛЕБ КАГЪАТ
(Болъихъ диваналъ гьабураб хIукму).

ХIакълъунго Болъихъ нижеда цебе рекъел ккана Сасикьа гIалим ГIалидибирасда ва (Къедиса) ГIалилъасдаги, АмирхIамза ва АмирхIамзал яцаздаги гьоркьоб. КIкIаратIаса Къурбанил Гъазиясул вас ХIажияв наибасул заманалъ кIиго томен гьеб ЗакIикь бугеб ракьалъул багьаги гьабун, хутIаралдаса гьел тIаса лъугьана, гьелъул къимат азарго букIаниги. Нижги Болъихъ диваналъул агьлу:
 
1. ГIалим, Аргъваниса Абубакар
2. ГIалим, Ангъидаса Халил
3. ГIалим, КIванкьадаса ХIалакъав
4. ГIалим, ГIандиса ГIалимирза-ХIажияв
5. Болъихъа ГIабдулгIазиз
6. Аргъваниса МуртазагIали
7. Гьигьалъа МухIамад
8. ГIалим, Гьигьалъа Дибирасулав
9. Сасикьа ГIисал Дибир
10. КIкIаратIаса ГIалихIажияв
 
Гьаб жо рагIун хадуб гьаб хисизабурав чи вахъани, гьелъул мунагь гьеб хисизабурасда тIад буго.
Гьаб хъвана 1278 соналъул зулкъагIида моцIалъул тIоцебесеб къоялъ. (30 апрель, 1862 сон).
Мугьру лъун буго Ангъидаса Халилица Цогидал диванчагIаз, щакъи бахун, килщал цун руго.
…………………………………………..

2. ЦИДУРОХЬ ВА ГЬЕЛДА СВЕРУХЪ ХАБАР[244] 

ТIОЦЕБЕСЕБ КАГЪАТ

Жиндир къадру кIудияв наиб Дибир Аль-Авариясухъе. Цинги. Дица дуда тIад къалеб буго гьеб къедиселги сасикьелги жиб сабаб- лъун дагIбаялда ругеб рохьалъ ул суалалъул хал гьабеян. Лъазабе Къедиса амирзабазул буголъилъун кколищали гьеб рохь ва щиб бугеб гьелъие кьучI. Гьел суалазе жава балги щун дуда хIакъикъат лъай дал дихъе хабар битIе. Нагагьлъун гьел гIадамаз дуца гьабураб мас лихIатги босун дагIба тани, гьелъул хIакъалъулъги дида лъазабе.
ПодполкIовник, гиназ Орбелиани /печать/ /гъулбас/ Итни къо, 22 мухIаррам, 1289 сон.

КIИАБИЛЕБ КАГЪАТ
 
Итни къо, 22 мухIарам, 1289 сон.
Жиб сабаблъун кIиго росдада гьоркьоб дагIба бугеб гьеб рохьалъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабеян ва гьелда тIад Къедиса амирзабазул ихтияр бугищ, батани гьелъие кьучI щиб бугеб цIехеян амру гьабун кагъат бачIун буго дихъе подполковникI, гиназ Орбелианица ва инарал-майор, гиназ ЧIавчIавадзеца.
Гьеб захIматаб суалалъул цIех-рех дица байбихьана Сасикьа. Сасикьез дихъе кьуна гьадинал кагътал:
- тIоцебесеб кагъат буго Шамилил заманалъго хъвараб;
- кIиабилеб кагъат буго гьелдаго тIасан хъвараб. ТIаде жубан буго гьадин:(…?);
- лъабабилеб кагъат наиб Каримил заманалъ хъвараб буго, амма гьелдалъун бичIчIизе кIвечIо гьеб рохь цебеккун лъил букIараб.
Гьеб суал роцIцIинабизе гIоло тIамураб дир кIиабилеб галилъун букIана мадугьалихъ ругел ЦIумада, РичIагьанихъ, Гьаквари, Эчеди, Силди росабалъ гьелда тIасан гьабураб цIех-рех.
Гьел росабалъ дун кIалъана гьал хадур рехсарал гIадамалгун:

ЦIУМАДА
 
Багьадурил вас МухIамад,
НурмухIамадил вас Мукъраш,
ХIасанил вас Нурав;

РИЧIАГЬАНИХЪ
 
ТIирабил вас МухIамад, жив хIежалде щварав,
Къокъасул вас ХIажияв,
Мансурил вас МухIамад, 
ГъазимухIамадил вас Къазиахикь,
Шагьрол вас ГIабдурахIман, къади.

ГЬАКВАРИ
 
ГъазимухIамадил вас НурмухIамад, къади,
Денгал вас Закарья, къади,
МухIамадил вас МуртазагIали,
МухIамадгъазил вас МукIуса,
Къоралъил вас МухIамад,
Къоралъил вас Денга.

Силди ва Эчеди росабазул цIаралдаса дихъе бачIана кIиго кагъат. Гьениб хъвараб жоялъухъ балагьун бихьулеб буго гьез дагIбадулазул лъидехунго цIай гьабулеб гьечIолъи.
Гьеб киналъулго хIисабги гьабун, абизе бегьула гьадин:
ШаригIаталъул заман бачIинелдего гьеб рохь букIана Къедиса амирзабазул буголъилъун, жиндир тIалабги гьез гьабулеб. Гьез изну кьолаан къедисезе гьениса цIул къотIизе, амма цо-цо гьезиеги гьеб гьукъулаан. Амирзабазе гьукъизени киса букIинеб, къедисезецин гьеб гьукъизе ихтияр сасикьезухъ киданиги букIинчIо. Гьел амирзабаз шаригIаталъул заманалъги жидерго умумуз гIадин пайда босулаан гьелдаса.
Нус-нус соназ цIунун букIана гьединаб гIадлу. Цинги, шаригIаталъул заманалъ, чIвана бищунго рагIи билълъарал къедисел. РукIана гьел ракълилал, лъикIал гIадамал, гьезул нахъе хутIана лъимал ва къоролзаби. Гьез гьабулаан гьелъул тIалаб, ва букIинчIо заман къедисез гьеб рохьоса цIул къотIулареб.
Нижеда лъаларо гьеб гьез ирсалъул ихтияр букIунищ яги хIалалдалъунищ гьабулеб букIараб, амма гьеб рохьалда сверухъ ва гIагарда ругел ракьазда тIад къедисезул кулал гIемер рукIиналъ бихьулеб буго ирсалъул ихтияралдалъун гьеб гьабулеб букIараблъи. Амирзаби чIван хадур нахъе хутIарал гьезул лъималазги къоролзабазги гьел кулазул цо бутIа сасикьезе бичун буго. Гьедин гьел кулазул ва ракьазул бищунго лъикIал бутIаби щун руго Сасикьа ГIисал Дибирасеги, КъадигIалиеги ва цогидазеги. Нижеда лъалеб рахъалъ гьел гIадамал рукIинчIо ритIухълъи гьечIолъиялдалъун яги хIал гьабун гьеб буголъи ккураллъун[245].
Дагъистан гIурусаз мукIур гьабун хадуб гьеб рохь сабаблъун къедисездаги сасикьездаги гьоркьоб дагIба ккана ва гьелъул хIасилалда гьениса цIул къотIизе къедисезе гьукъунги букIана. Нижеда лъаларо щиб гIиллаялдалъун гьеб гьабун букIараб. Дир хIисабалда гьеб иш ккана наиб Каримил заманалъ[246].
Гьаб кинабго рагIараб-таралъул ва лъугьа-бахъаралъул хIакъалъулъги хъван дица кагътал ритIана полковник Орбелианихъе ва гиназ ЧIавчIавадзехъе (…). Гьенибго гьоркьоб дица лъуна Шамилил заманалъ букIараб ва цогидабги кагъат. Орбелиани гьел кагътазухъ балагьана ва гьениб хъван бугеб жоялда тIад ургъун хIисабги гьабун, сапар моцIалъул кIиабилеб къоялъ кагътидалъун дие жавабги кьуна. Гьес дида амру гьабуна Къедиса амирзабазул букIин кьучIалда гьеб рохьалъул дагIба лъугIизабеян ва гьединго квал квал гьечIого къедисел гьениса цIул къотIизеги риччаян, гьеб хIукму хъварал кагъталги сасикьезухъеги къедисезухъеги кьеян. Дица хIукму гьабуна хасго къедисезе гьеб рохьоса цIул къотIизе изну кьезе, гьедин къотIараб цIул бикьизелъун цогидал ритIичIого рукIине къотIигун.
Щай ва сундул кьучIалда къедисезе гьеб рохь биччараб?

ТIоцебесеб иргаялда:
шаригIаталъул заман бачIинелдего Къедиса амирзабаз гьелдаса пайда босулеб букIун;
КIиабилеб:
жидее бокьани, гьез гьенире ине сасикьелни щай гьукъуларел, къедиселгицин гьукъулел рукIун;
Лъабабилеб:
шаригIаталъул заманалъцин[247] гьез гьелдаса пайда босун букIун ва гьезда кIолеб букIун гьеб гIадлу хвезабизе лъугьарал хIал гьабун чIезаризе;
Ункъабилеб:
гьеб рохьалда гIагарда ругел кулалги ракьалги сасикьез росун рукIун Къедиса амирзабазул бесдалазухъа, гьел амирзаби чIаго гьечIолъиялдаса пайдаги босун;
Щуабилеб:
гьел ракьазда тIад гьанже ругел кулал къедисезул гIемер рукIиналъ сасикьезул ругелдасаги.
Щибаб гьаб хабарги хIакъаб битIараб буго, гьеб рохьалъул ва гьелда сверухъ лъугьараб – таралъул хIакъалъулъ къедисез бицарабги битIараб буго. Гьалдалъун дица тана ва ахир лъуна гьеб кIиябго росдада гьоркьоб букIараб дагIбаялъе. Гьаниб гьабураб хIукму гьел кIиязухъего кодобеги кьуна.
Ункъракь ва ЧIамал мухъалъул наиб Дибир Аль-Авари[248] 1289 сон, рабигIул ахиралъул 30 къо, шамат. /печать/, /гъулбас/ /[249], [250]

[244] Гьеб хъвай-хъвагIай цIунун буго Къедиса ГIалихъиличил МухIамадкамилихъ.
[245] ГIАКА БАХЪАРАЛЪУБ КУЛАЛ – 1. Зирайласул. 2. Гьенибго – АхIмаднабил. 3. Гьенибго – ГIалил СагIадулал. 4. Гьелда цун – ГIумарил Зайбулал. 5. Гьениса тIаде - чанго чIвад. (Лъил ругел цIехезе ккола). 6. Гьел чIвадаздаса росулъехун – Къурбаниязул АхIмадулал.
КЬАНКЬУЛИ КУЛАЛ: 1. Гьарунил. 2. Гьелда тIадехун - Хъиличил. 3. Гьелдаса тIаде, тIарада – Къурбанасул ГIумарил. 4. Гьениса тIаде росулъехун – Жамалудинил. 5. Сурхайил МухIамадил (Къвапал). 6. Гьелдаса росулъехун, цоцада цурал – Нажмудинил Заргьаласул. 7. Ва Тажудинил (ГIанкIулал). 8. Гьездаса росулъехун – ГIабучал. 9. Гьезда цун – Амичилазул. 10. Гьездаса тIадегIан – ГIисахIажил. 11. Амичил колохъа рехе рачIунелъул квегIиса – МухIамадхIажиясул. (Гьал киналго гIадамал Сасикьа руго). 
[246] Гьев ккола Сунжаялдаса чачанав, Ункъракь ва ЧIамал мухъазда тIад гIурусаз тун вукIарав наиб. (Гьев чи Гьаквариса Карим вукIинеги рес буго).
[247] Шамилил заман. 

ЛЪАБАБИЛЕБ КАГЪАТ

«Жиндир къадру кIудияв наиб Дибир Аль-Авариясухъе[ ].
Цинги.
Гьеб рохь сабаблъун бугеб дагIбаялъул бицараб дур кагъат дихъе щвана. Гьеб кагъаталда хъвараб жо рагIа-ракьанде щун дида бичIчIана ва лъана щиб бицунеб бугеб гьеб рохьалъул бетIергьанлъиялъул хIакъалъулъ гьелъул мадугьалзабаз. Гьединго дида лъана Къедиса амирзабазул лъималазухъа ва гьезул рукIарал руччабазухъа гьеб рохьалда гIагарда ругел кулаби росарал гIадамазул пикруги. Гьеб киналъулго хIасилги гьабун дида бичIчIана Къедиса амирзабазулги гьезул наслабазулги гьеб рохьалда тIад жакъаги букIин жидер умумузул букIарабго гIадаб ихтияр».

 [248] Хунзахъа Инквачил Дибир. Шамилил вукIарав наиб. ГIахьаллъана гIемерал рагъазулъ. БатIи-батIияб заманалъ вукIана Имаматалъул кIвар бугел хъулухъазда. Шамилица гьев гIемерал мухъазда наиблъунги толаан. ВукIана Имаматалъул Шураялда гьоркьовги, имам цIунулезул кIудиявлъунги ва ТIадегIанаб Диваналъул къазизабазул цоявлъунги.1859 соналъ Шамилица гьев тIамуна Гъуниб щулалъиялъул кIудиявлъун ва гIурусазда дандечIей гIуцIиялъул иш гьесда тIад къан букIана. Имам асир гьавун хадувги гIурусалгун вагъана ва гьедин асирлъудеги ккун анлъго моцIалъ гьезул тусахъалда вукIана.
[249] Таржама гьабурал: Туначилазул МухIамад ва АмирхIамзал ИсмагIил.12 шавал, 1436 год. /28 Июль, 1015 год.
[250] Балагье Къедиса Аларханил Шарунабил ва Сасикьа АхIмаднабил СайидахIмадил хабаралде. 


УНКЪАБИЛЕБ КАГЪАТ

Къеди росдал амирзабазухъе.
Цинги.
Жиб сабаблъун нужерги сасикьезулги дагIба букIараб рохьалдаса пайда босизе нужер ихтияр букIиналъул бицараб кагъат бачIана нижехъе гиназ Орбелианица.
Гьелда хурхун дица нужее гьабулеб буго гьаб хадуб рехсараб бихьизаби:
- Гьеб рохьоре нуж унеб мехалъ гьениса къотIараб цIул бикьизе къотIигун цадахъ щивго вачинчIого тезе, гьеб бикьулеб цIулалъул къадар цо хIама бугониги;
- Гьеб рохьоре чияр хIамул рачинчIого тезе, гьез бачIараб цIул гьезул бетIергьабазе бикьизе къотIигун;
- БачIараб цIул бикьизе къотIигун гьеб рохьоре хIамулгун, оцалгун щивго чи витIичIогоги тезе.
Дица нужеда гьарулеб буго, нужерго умумуз босулеб букIараб гIадин, зарал кколареб къагIидаялъ босейин гьеб рохьалдаса пайда, гьеб квешезе хвезеги гьабугейин. Нужеда гьоркьоб дагIба цIилъичIого букIине гIоло, рукIайин Аллагьасул унго-унгоял лагъзаллъунги ва лъикIал мадугьалзабилъунги. ДагIба тIоцебе гьез байбихьаниги гьелгун дагIбадизе лъугьунгейин, щайгурелъул нуж руго кIудиял хIакимзабазул бербалагьиялда гъоркь ругел гIадамал. Нуж дагIбадани, гьел нужгун дагIбадулез гьеб рохь квешезего хвезабизеги бегьула. Гьаб буго нужее бугеб нижер лъазаби ва гьарула нужеда ниж ритIун ричIчIаян. ЧIамалазул ва Ункъракьалъул наиб, Дибир /гъулбас/. Рузманкъо, 3 сафар, 1289 с. ………………………………………….

3. ЖИДЕХЪА РАХЪУН РУКIАРАЛ РАКЬАЛ ТIАД РУССИНАРЕЯН АБУН ГIУРУСАЗУЛ ХIУКУМАТАЛДЕ КЪЕДИСЕЗУЛ ГЬАРИ

Къедисезул бетIергьанлъиялда рукIарал Ункъракьалъул мугIрул ва рекьулел ракьал гIурусазул хIукуматалъ 1861 соналдаса хадур Россиялъул пачалихъалъул фондалде росана[251]. Гьелдаса хадур гьел ункъракьалъулал чанго нухалъ рачIана Россиялъ Кавказалда рагьараб Наслабазул ва Ракьазул суал тIубаялъул идараялде, гьедин рахъарал Игъадахъ, Гьиндух ва АпаратIа мугIрул жидехъе тIадруссинареян гьаригун. Амма Кавказалда тIад тун вукIарав хIакимасул идараялъ, къедисезе инкарги гьабун, гьел мугIрул ижараялъе кьолеллъун тана[252].
«ГIи-боцIи кваналел гIалахаллъун ругел Гьиндуха, Гинду(?), Хакенчу (ХъахIаб лъехъ) ва Апарата мугIрул цебезаманалдасаго нахъе рукIана Авар ханзабазул наслулъун жал ругел Къедиса нуцабазул буголъилъун. Цо заманалъ Шамилица гьел мугIрул жиндихъего руссинарун рукIана ва ясахъги босун ГьагIмади ва Силди росабазул гIадамазухъе ижараялъе кьолаан[253]. Гьел мугIрул 1865 соналъ пачалихъалъул хазинаялде росана ва гьелго росабазухъ ижараялъе тана, Аргун ва ГIанди мухъазул хIакимзаби разияб ясахъги тIад лъун.
Чадири ва Хашакь лъарал жиндаса рикьулеб щоблъун жиб бугеб гьел мугIрузул щоб кидаялиго некIсияб заманалъ къиялаздаги магIарулаздаги гьоркьоб бугеб тIабигIияб гIорхъилъун букIун батизеги бегьула, амма гьел мугIрузул къиялазул рахъалде ралагьарал лабаллъаби щаклъи гьечIого къедисел бетIергьанал рукIиналъ, полкIовникI Герасимовасул комиссия хIажатаблъун ккана, Гьиндуха мегIералъул шималияб ва бакътIерхьул рахъалда ругел лабаллъабазул 1/5 бутIа Терек областалда гьоркьоб унеб къагIидаялъ гIорхъи чIезабизе»[254].
 …………………………………………......................

[251] ЦГВИА. Ф. 400, д. 45. Л. 512.
[252] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3, ед. хр. 132 б. Л. 4-6.
[253] Записки Института Востоковедения Академии наук СССР V 1936г. Е193 1936-5. С. 104
 [254] ЦГА РД,Ф. 2. Оп. 3. Д 143-2, л. 79-80. Переписка Наместника на Кавказе, 1907 г.

 4. 1871 СОНАЛЪ РОССИЯЛЪУЛ ПАЧАЯСУХЪЕ КЪЕДИСЕЗ ХЪВАРАБ КАГЪАТ ВА ГЬЕЛЪИЕ ЖАВАБ[255]

КIудияв Пачаясухъе.
Шамилил наибзабаз чIвана нижер умумулги, вацазул ва гIагарлъиялъул балугъавщинав чиги. Рахъана нижер ракьал, боцIи-мал, къотIана мина-милкалдаса къватIире ва гьел риххизаруна. Аллагьасул кумекалдалъун гьеб зулму нижеда тIаса ана - ниж нижерго рукъзабахъе руссана ва нижерго ракьалъул бетIергьабилъунги рахъана, амма, кинниги, нижер мугIрул жеги нижехъе тIадруссинарун гьечIо. Нижее гьел мугIруздаса ясахъ кьолев чиги гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ нижеца цебеккунги хIакимзабазухъе хъван букIана, амма жеги гьеб суал гьез тIубан гьечIо.
Гьединлъидал, дур гурхIелалда божигун хъвалеб буго духъе, нижер умумузул ракьал нижехъе тIадруссинареян гьаригун[256].

Гьаб кагъаталда тIасан Россиялъул хIукуматалъул хабар:

 …ГIанди мухъалъул Къеди росулъа гIадамаз гьарулеб буго, Шамилил наибзабаз жидехъа бахъараб ракьги мугIрулги тIадруссинареян абун.
Гьел къедисезул наслуялда цIар буго Алдамилал. Къедире гьел рачIун руго Хунзахъа. Буго цоги бицен гьел Гуржистаналъул Каралал абулел ханзабазул чагIи ругин. 1844 соналъ Шамилил наибзабаз Къеди росу сверун ккуна ва цIикIкIарасел къедисел чIвана, гьезул ракьги мугIрулги байтулмалалде руссинаруна (имамасул буголъилъун гьабуна). Дагъистан Россиялъе мутIигIлъун хадуб гьеб ракь пачалихъалъул хазинаялде босун букIана, гьединлъидал Къедиса нуцабазул лъималаз (цебеккунги) гьарун букIана гьел ракьал тIад руссинареян. Гьезул гьеб гьари къабул гьабун букIинчIо, амма гьезие, Кавказалда бугеб гIурус армиялъул кIудиясул кумекчияс 1865 соналъул 22 февралалъ бахъараб №294 бихьизабиялда рекъон, изну кьун букIана гьел мугIрузде цогидал росабазул гIи биччан бачIунеб 24 гъурущ ясахъ жидеего босизе, гьедин босараб кинабго гIарцул къадар 200 гъурущалде бахинегIан заманалъ.
Дагъистан мутIигIлъараб къоялдаса нахъе къедисел рукIана хIукуматалдехун жидер божилъи бихьизабурал, хасго гьеб мухъалда 1871 соналъул хаслихъе букIараб багъа-бачариялъул рахъ кквечIолъиялдалъун. Гьединго хъачIаб гьава-бакъалъул ракь букIин сабаблъун боцIуе кваназе гIураб гIалах гьечIолъиялъ къедисел мискин рукIиналъги, Дагъистаналъул хIукуматалъ битIараблъун рикIкIунеб буго гьеб ракь гьезухъе тIадбуссинаби.

Гьеб кагъаталъе бачIараб жаваб:

Дагъистан областалъул кIудиясда тIад къазе къедисел ракьалдалъун хьезариялъул иш хасаб бихьизабиялдалъун тIубазе[257].
Баян:
Гьаб кагъаталде ва цоги тарихалде ругел баяназда мугъчIвайги гьабун, тарихчи Хашаевас жиндирго «Феодальные отношения в Дагестане» абураб тIехьалда хъван буго: «Къедирги Сасикьги гIумру гьабун рукIана, Эчеди ва Гьиндуха мегIер жидер бетIергьанлъиялда бугел, Алдамилалин жидеда абулел нуцаби», - ян.
………………………………………...........................
 
[255] ЦГВИА, ф. 400, д. 45, л. 402. Перевод с арабского.
[256] ГIурусалдаса буссинабуна - авт.
[257] ЦГВИА, ф. 400, л. 45, л. 512.

ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ МАГIАРУХЪА ВА КЪИЯЛЪА МАГЪАЛО БАКIАРИЯЛДА СВЕРУХЪ ХАБАР[258].

XIX гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда, Россиялъул хIукуматалъ Кавказалда гIуцIун букIараб Наслабазул ва Ракьазул суал тIубазабиялъул Идараялде Болъихъеги ахIун, Къедиса нуцаби риччан руго Къиялъги Тушалъги ругел жидер умумуз магъало босулел рукIарал росабазулги гьелъул къадаралъулги бицине. Гьез мухIканаб баян кьун буго лъихъан кигIан ва кинаб къагIидаялъ гьеб магъало бачIунеб букIараб абураб суалалъе.
ГIараб мацIалда гьабураб гьеб хъвай-хъвагIай нижехъе битIун бачIана Туплисалъул архивалдаса[259]. Гьелдаго цадахъ буго гьезул ва цогидалги къедисезул хабар, жидерго гьоркьорлъабазул ва росу-ракьалъул гIадлу-низамалъул хIакъалъулъ бицараб. Гьеб хъвай-хъвагIай гьабун буго гIурус мацIалда.
Гьале гьел кагътал:

КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ ВАКИЛЗАБАЗУЛ ХАБАР

1884 соналъул 4 август. Болъихъ.
Ниж - ГIанди мухъалъул Къеди росулъа нуцабазул[260] наслуялъул чагIи: Алдамил Хъилич, Ханбулатил ХIамзат ва АхIмадханил ГIалисултIан. Кавказалда гIуцIараб Наслабазул ва Ракьазул суал тIубазабиялъул Идараялъул хIалтIухъанги нугIлъиялъе вукIун, нижеца бицана гьаб хабар:
Росулъ нижер буго 14 хъизан[261] ва ниж киналго ккола Авар ханзабазул рукъалъул гIадамал. Нижер тухумалъул кIудияв[262], цебе заманалъго жиндирго вацги чIван[263] нахъе ине ккун вуго Авариялдаса ва байбихьуда рещтIун вуго Гъуниб мухъалъул Хучада росулъ[264]. Гьениб гьидалъезухъа гьес босун буго ракь, амма хадуб гьебги тIад буссинабун гьезухъаго босун буго гьанже Къеди, Сасикь ва Силди росаби[265] тIад ругеб ракь, цинги жиндирго наслабигун Къеди-Сасикь гIумру гьабун чIун вуго. Нижеда рагIана нижер умумуз байбихьуда росанин тIад гIадамал гьечIел чIорогоял ракьал, хадуб, дагь-дагь ккун, гьенир гIумру гьабизе гIадамалги риччан, росабиги гIуцIанин.
Шамилил заманалдаса цебе, гьел росабазул 20 бетIералдаса цIикIкIун гIи бугел, гьеб гIиги жидеда гIагарда ругел мугIрузде къотIулел гIадамазухъа нижеца босулеб букIана цо-цо хIоржо. Гьелдаги тIаде Сасикь магIарде[266] нижеца биччалеб букIана цо вехьас хьихьулеб чияр гIи ва гьесухъаги лъагIалие цо куй босулеб букIана. Гьединго Силди магIардасаги чияр гIиялъухъ босулеб букIинчIо(?)[267],[268] гьединго Къеди магIардасаги кIиго вехьас хьихьулеб чияр гIиялъухъ босулаан ункъго куй. Гьелдаги тIаде Къедиса ва Сасикьа щибаб рукъалъул гIадамал жиб-жиб лъагIалие лъаб-лъаб къоялъ нижер ракьалдаги хIалтIулаан. Цо къоялъ - рекьари, цо къоялъ – лъилъари, цо къоялъ – лал тIами. Силдисез жидерго рекьулел[269] ракьал нижер умумузухъа ричун росун руго ва гьеб хIалтIиги гьезда тIаса ккун буго.
Къедиб гIагарда нижер букIана росдал уздензабазеги жиб гIахьалаб гIаммаб гIалах, мечI къан бугеб заманалъ, хаслихъе мех щвезегIан жиб кваназе гьукъараб[270]. МечI къан букIадго гьенибе боцIи биччани, цо-цо чахъу ва цогидал гIадаталда рекъон рахъулел гIакIаби росулаан нижеца, лъабго гъурущалдаса дагь ругел росулаан росдал чIухIбуз (Карти)[271]. Гьединабго гьукъараб бакI[272] букIана Сасикь росдада гIагардаги[273].
Нижер рукIана роол мугIрулги: «Игъадахъ» (Къедиса тIадегIан), «Гьиндухъ» – Аргун мухъалъул (Къиялъ) гIорхъода ва Хашакь росдада гIагарда, гьенибго буго «ХъахIаб лъим» абулеб лъарги[274], «АпаратIа нахъа»[275] - Аргун округалъул Хонокь росдада гIагарда ругел ва, бугеб гIадаталда рекъон нижеца жидедаса пайда босулел рукIарал[276]. Митрада нижер букIана «Тазили» абун 60 сахI хьалеб бекьулеб ракь[277]. Гъоркь Хъваршиниса нижеца босулаан 10 цIелжо, гьединго ТIад Хъваршинисаги, 10 цIелжо Цихалахъаги[278]. Хушетисез нижее кьолаан цо оц ва лъабго тIимугъ. Шодродисез[279] кьолаан щуго куй. Гьеб кинабго нижер букIараб яги нижеца босулеб букIараб хайир буго ГIанди мухъалдаса. Къеди ва Сасикь росабазул ракьал нижеца цереги рикIкIунел рукIана ва жакъаги рикIкIуна ниж бетIергьаналлъун. Гьединлъидалин Шамилил заман бачIиналде цебе гьел росабазул ихтияр букIинчIеб нижер изну гьечIого гьел ракьазе щибгIаги гьабизе. Тушалъги Къиялъги нижер букIараб малалъулги хайиралъулги бицараб хасаб кагъат яги сияхIги кьезе буго нижеца.
Шамилил наибзабаз Къеди росулъ чIвана нижер умумузул 12 чи ва бахъана боцIи-мал[280], ва гьелде щвезегIан бачIунеб букIараб хайиралдасаги ниж махIрум гьаруна. Гьанже лъихъаниги щибгIаги босуларо ва гIадатиял уздензабазго гIадин гIумру гьабун руго, гьезухъ ругезда бащадал ракьазда тIад магIишат-яшавги гьабун. Жал Авар ханзабазул рукъалъул кколел цогидал гIадамазулго гIадинал гIадаталги руго нижер сундулъго. ГIадаталда рекъон гьабула ирсги ва чIужугIаданалъе ракьаздаса яги мина милкалдаса ирс гьабун бутIаги кьоларо. (Кьола боцIи ва гьелда релълъараб цогидаб жо – авт.)[281].
ГIурусалде буссинабуна ГIанди росулъа штабс-капитан ИсмагIил-ГIарац Шамхаловас, гьесда цебеса гъул басана
...........................................................

[258] Гъ. Исмаг1илил Рамазан. Аспирант МГИМО. Вестник Дагестанского научного центра РАН №61, 2016 г. С. 38-44. Къокъ гьабун гIурусалдаса буссинабуна – авт.
[259] ЦИАГ. Ф. 231. Оп. 1. Д. 95. «Прошения разных лиц об отыскивании ими личных прав (из россыпи)». Без даты. 11 Л.
260] Шамилил заманалдаса цебениги яги хадубниги гIараб мацIалда гьарурал хъвай хъвагIаязда жанир кирниги гьел гIадамал бекалин яги чIанкIабийин рихьизарун гьечIо, амма гIурасаз тIадчIун гьезда беклъи рекIинабун буго. Гьеб ишалъулги буго цо мурад – гьел гIадамазул букIараб къадру гIодобе ккезаби.
[261] Нуцабазул наслуялъул лъабго гIаркьелалъул 14 хъизан. ТIоцересеб гIаркьел Алдамилал, рачIана гIага-шагарго XIII гIасруялда. КIиабилеб гIаркьел Ханбулатилал, рачIана XVI гIасруялда. Лъабабилеб гIаркьел АмирхIамзалал, рачIана XVIII гIасруялда. (авт.).
[262] ХIажигIалил вас Ханбулатил Мусалав. ХIажигIали вукIана Булач-нуцалил вац. КIиявгоги ккола XV гIасруялъ Авариялда ханлъун вукIарав Ибрагьим-нуцаласул вас МухIамадмирзал лъимал. ХIажигIали Хвалчадулас ГIахьвахъ ва сверухъ ругел ракьазда ислам тIибитIизабуна. (ШагIбан ХIапизов).
[263] Гьеб букIине бегьула гьес жинцаго гурев, Булач-нуцалас жиндирго вац ХIажигIали чIваялда бухьараб бицен. См. Айтберов Т. Компиляция Гебека Сиухского как источник по истории Дагестана ХV-ХVI вв. // Всесоюзная школа молодых востоковедов (Тезисы докладов и сообщений молодых ученых). Москва, 1980. Т. 11. Ч. 2 (История. Идеология. Источниковедение). С. 131-134.
[264] Шамил районалъул Хучада ккола Булач-нуцаласул вац ХIажигIалил хъала жаниб букIараб ва Булачил чагIаз чIвазе цевеккун гьес гIумру гьабун букIараб росу.
[265] Гьеб даран гьабиялъул хIакъалъулъ Къедиб жеги чанго бицен буго..
[266] ХIорихъ мегIер. Балагье Сасикь бугеб бицен.
[267] Балагье Къедибе магъало кьеялъул хIакъалъулъ Силдиб бугеб бицен.
[268] Цебеги хадубги хъвараб жоялъул магIнаялда балагьун гьеб бакIалда «букIана» абураб рагIи хъвазе кколаан, амма гьениб щаялиго «букIинчIо» буго, гIурус мацIалда бугеб гьеб кагътидаги гьединго буго (Щай?).
[269] Гьаб бакIалда «ракьал» абун хъван тун букIун буго, хадуб, мухIканлъиялъе, «рекьулел» абун тIадеги жубан буго.
[270] (ГьитIинаб ва КIудияб рохьалъул майдан – авт.) Гьеб майдан XX гIасруялъул байбихьуда бутIа-бутIа гьабун жидедаго гьоркьоб бикьун буго къедисаз.
[271] Карты (перс.) – чIухIби (ав.)
[272] ХIарим (ар.) – пуланаб ракьалъул хаслъиялда абулеб цIар. Гьелдаса пайда босула росдал киналго гIадамаз. ЖамагIаталъул изну гьечIого гьеб бекьуларо, гьениб бакI баларо, бани, гьелда бетIергьанлъи чIоларо.
[273] Гьанже школа бугеб ва гьелда сверухъ майданлъиялда бугеб кинабго ракьалда сасикьез «хIарим» абула.
[274] ХъахIаб лъим – АпаратIа магIарда нахъасан чвахун Аргъун гIоргун жубалеб лъар. Гьеб хъахIабин ккола хъахIаб чабах жаниб букIиналъ.
[275] АпаратIа магIарда нахъа.
[276] Свод традиционных обычаев у народов Кавказа, Средней Азии и других исповедующих ислам.
[277] Митрадисезул ракьалда, Гъоркь-Хъваршини росдал рахъалдехун бугеб бакI.
[278] ЦIумада районалъул росу (Ункъракь). Муцалаулалда чIарав Цихалахъа ВахIидица бицана жидер росу Къедиса рачIарал гIадамаз бараб бугин. Къедиреги гьел рачIун ругин Къиялъа бид риххун.
[279] Болъихъ районалъул росу. Цересел гIасрабаз унаан жидеца Аваразул ханзабазе магъало кьолеб букIарал ТIехIнуцал мухъалъул жамагIатазул цолъиялда гьоркьобе. Гьеб мухъалъул гIорхъода буго цо заманалъ Къедиса амирзабазулги кверщаликь букIараб ЧIарбил мухъ. (см. в книге «Правители Ункратля и Киялала»). Гьел хIужабазда жаниб батизеги бегьула шодродисез Къедибе магъало кьезе ккеялъул бахчараб гIилла.
[280] И. Газимагомедов. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015. С. 65.
[281] ЧIужугIаданалъе ракьалдаса яги мина-милкалдаса ирс кьолареб къагIида ханзабазда гьоркьоб дунялалда тIадго тIибитIараб буго. Цо-цо бакIалда уздензабазги кьолароан гьеб. Ирс босизе васал гьечIев гьединав чиясул ракь гьесул инсул рукъалъул цогидал бихьиназе уна.

Нахъе цIунун хутIун буго къедисез хъвараб цоги кагъат[282], пуланал чагIи жидер вакилзаби ругин, жамагIаталъул рахъалдаса хIукуматгун кIалъазе ритIарал абун.

КЪЕДИ ЖАМАГIАТАЛЪУЛ РАХЪАЛДАСА КАГЪАТ

ГIанди мухъалъул хIаким, гиназ Бебутовасухъе.
Цинги.
Гьаб кагъатгун духъе рачIарал ГIабдукъадирил вас ХIамзатги МухIамадил вас ГIалиги руго нижер жамагIаталъул вакилзаби, дуй лъазе бокьараб жо кIванагIан битIун ва ритIухълъиялда дуда бицине духъе ритIарал. Нижер росабазул ва ракьазул хIакъалъулъ, росдал гIадамазул гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ, ракьаздаса пайда босиялъул, гIадлу-низамалъул ва гьел ракьазул гIорхъаби сабаблъун нижеда гьоркьоб лъугьунеб-бахъунелъул хIакъалъулъ. Гьаб кагъат буго Къеди росдал жамагIаталъул рахъалдаса. 1884 соналъул август моцIалъул лъабабилеб къо.

КЪЕДИ ЖАМАГIАТАЛЪУЛ ВАКИЛЗАБАЗУЛ ХАБАР

1884 соналъул 5 август. Болъихъ.
Ниж - ГIанди мухъалъул Къеди росдал вакилзаби, МухIамадил ГIали ва ГIабдулкъадирил ХIамзат. Кавказалда бугеб Наслабазул ва Ракьазул суал тIубаялъул идараялъул хIалтIухъан подполкIовникI Симонов нугIлъиялъе вугеб бакIалда нижеца бицана гьаб хабар:
Нижер буго некIсияб росу, гьединлъидал гьанже ниж ругел гIадин, цере нижер умумулги кидаго гьенир гIумру гьабун рукIана ва гьез жидерго буголъиялъул гIадин бетIергьанлъи гьабуна гьенир ругел, гьанже нижехъ ругел ракьазда ва гIалахазда тIад, нижее жал нижер умумузухъа ирсалъе щварал.
Гьел нижер ракьал ричизе нижее лъицаниги киданиги гьукъулебги букIинчIо, гьединго мажгиталъе васигат гьаризеги, цоги нижее бокьараб гьабизеги, умумузего гIадин нижееги гьукъизе лъидаго кIолебги букIинчIо. Кин ва кигIан нижеда лъалеб, нижер мадугьалзаби - сасикьезулги силдисазулги, ГIанди мухъалъул цогидал росабазул уздензабазул рукIаразда ращадал гIадаталги ихтияралги рукIана нижерги сундулъго ва нижер росабиги унаан ГIанди мухъалъул эркенал росабазул гIаммаб цолъиялда гьоркьоре.
Нижер росабалъ нуцаби раккиялъул хIакъалъулъ нижехъ буго гьадинаб бицен:
Ункъго гIелалъ цере гьел нуцабазул умумул рачIана нижехъе Хунзахъа ва КIкIаратIисезул кумекалдалъун[283] рештIана росулъ. МоцI гIанаб заманалъ нижергун рагъги гьабун гьезие бокьун букIана нижеда тIад магъало лъезе, амма гьезда гьеб гьабизе кIвечIо, цохIо нижер умумуз тIаде босун гурони къогоги, къогоялдаса цIикIкIунги гIи бугел чагIаз цо-цо чахъу (жиб-жиб лъагIалие – авт.) гьел нуцабазе кьезе. (Къедисезул цогидав вакилас гьединаб тIадебоси букIараблъиялдаса кинабго жамагIаталъул цIаралдалъун инкар гьабулеб букIаниги, МухIамадил ГIалица гьеб тIадбоси букIанин чIезабуна). Гьел нуцабазда цебе нижер жамагIаталъул цоги кинабгIаги тIадебосиги букIинчIо, щибгIаги гьезие гьабизеги кколароан, гьабулебги букIинчIо киданиги.
Гьебго заманалъ гьел нуцабаз хIал гьабун нижер ракьазул ункъго бакI ккуна: «ЦIаданикь», «ГъажалтIа», «ЛабалтIа» ва «Гьандабури»[284]. Шамилица гьел ракьал байтулмаллъун гьарун рукIана, амма гьев къун хадур хIукуматалъ гьел нуцабазухъе тIадруссинаруна[285]. Гьел руго гьезул хурзал тIад ругел ракьал.
ЖамагIаталъул гIаммал ракьаздаса, гIалахаздаса ва рохьаздаса (..?) нуцабаз пайда босула, цогидал нижер уздензабазго гIадин, гьезда бащад. Нуцабазе чахъаби кьей нижер уздензабаз цебего тана - ГъазимухIамад имамасул заманалдасаги цебе. Росдал киналго ракьал нижеца рикIкIуна ниж бетIергьаналлъун.
Жиндир заманалъ Шамилица цебе рехсараб гьеб ункъабго бакIалдаса рецулги рекьулги бачIиналъул бащалъи босулаан (..?).
Нуцабазул рукъзал нижер росулъ руго.
Нижеца киданиги нуцабазухъа ракь ижараялъе босуларо.
Нижер жамагIаталъул буго мухь кьун (?) босулеб мегIер, «ЦебемегIерин»[286] жинда абулеб, жинца нижер росу сверун ккураб. Шамилица нижехъа гьеб мегIералъухъ щибго босулароан. Гьеб магIарда нижецаги нуцабазги цадахъ цого ихтияралда хьихьула гIи-боцIи.
Нижер ракьал лъалъалел гьечIо.
Росулъ буго 120 рукъ ва киналго ккола эркенал уздензаби.
ГIадамазухъ ругел ракьазул бищун цIикIараб буго 40 саб хьалеб, бищун дагьаб – I саб хьалеб. Дагьаб букIунги ракь гьечIев чи нижехъ гьечIо. Ахалги нижер гьечIо. Буго бакI дагьабго заз хъарахъ бижараб.
Цебе росдае бетIерлъи гьабизеги гIадлу-низамалъеги толев вукIана ункъго чи чIухIбузул (картал (перс.). Гьезул лъабгоял рищулаан уздензабазда гьоркьоса, жамагIаталъухъа разилъиги босун, ункъабилев толаан нуцабазда гьоркьоса. ШаргIалъул суалал тIуралаан къадияс.
Буголъи бикьула ва ирс гьабула кидаго шаргIалда рекъон, чIужугIаданалъе ракьалдаса ва мина-милкалдаса бутIаги кьола. ГIакIаялъе бахъулеб жоги кидаго цохIо жамагIаталъе пайдаялъе бачIуна ва гьелдаса нуцабазе яги цоги лъие букIаниги бутIаги кьоларо. Нижеда киданиги рагIичIо нижехъ ругел ракьазда нуцабаз дагIба гьабулеб букIанин ва нижерги гьезулги гьеб сабаблъун хабарги ккечIо, гIарзалги рукIинчIо.

[282] Таржама гьабуна Къедиса АмирхIамзал ГIаббасица. 2015 сон.
[283] КIкIаратIисез ва гьидалъез Къедир тарал некIсиял лъалкIазул тарихияб кIвар кIудияб букIиналъе бугеб цогиги далил.
[284] ЦIаданикь, ГъажалтIа, ЛабалтIа, Гьандабури – Къеди росдал гIалахал ва мегъ.
[285] Абизе бегьула цIияб хIукуматалъ киналго ракьал (рецулел, рекьулел) нахъе кьун гьечIин. Гьандабури ракьалги кулалги, жал нуцабазул тухумалъулин абулел гIадамазухъ гурелги цоги-цогидалги къедисезухъги руго (ричун росун рукIинеги бегьула). Амма ЦIаданикь, ГъажалтIа ва ЛабалтIа ругел ракьал гIемерисел гьел тухумазухъ руго. 
[286] ЦебемегIер – гьанжесеб Бахо. Бахо –ЦебемегIер, Игъадахъ – НахъамегIер (цебе заманалъ къедисез гьел мугIрузда цIар гьедин абулеб букIун буго).

Шодродисезги кьолеб букIанин жидее щуго куй абун Къедисез бицараб хабаралда бан батила, хIакимзабаз гьеб росулъа ахIун рачIарал шодродисез бицун буго гьаб хадуб бугеб хабар.

ШОДРОДА РОСДАЛ ВАКИЛЗАБАЗУЛ ХАБАР
 
1884 соналъул 7 август. Болъихъ.
Ниж - Шодрода росдал вакилзаби: 50 сон барав Агъал вас Батир, 70 сон барав МирзахIажил вас Шама.
Цебе заманалъ ниж рукIана эркенал уздензаби ва нижеца киданиги Аваразул ханасе бугониги яги цогидазениги лъиего магъалоги кьолеб букIинчIо[287], цохIо, Къедисез пайда босун букIараб Игъадахъ магIарде гIи биччан нижеца гьезие кьолаан ясахъ - цо вехьасухъа цо куй[288]. Шамилил заманалъ ниж гьеб магIарде унароан, щайгурелъул гьанжеялдаса 50 соналъ цебе нижер тушманлъи букIана къиялазулгун. Пачалихъалъул хазинаялде босараб ва кIкIаратIисезухъги къиялазухъги жиб бугеб гьеб магIарде ниж гьанжеги унаро. Гьеб магIардаса пайда боси таралдаса нахъе нижеца лъиениги ясахъги кьолеб букIинчIо ва нижер мухъалъул цогидал уздензабазулго гIадин нижер росдал гIадамазулги руго жалго бетIергьанал ракьал ва киданиги лъиениги нижеца гьел ракьазухъ магъалоги кьечIо. Ниж руго кидаго нижер гьеб росулъ гIумру гьабун рукIарал гIадамал ва нижеда киданиги рагIичIо нижер ракьазда тIад щив вукIаниги цоги чиясул бетIергьанлъи букIанин. Росдал ракьал сабаблъун нижер лъилгунго киданиги дагIбаги букIинчIо. Нижер росдал 120 рукъ буго.

[287] Тарихалда гIемерал хIужаби руго гьез бицунеб жо уяб гьечIолъи бихьизабулел. Бокьун батиларо шодродисезе гьеб магъало цебего тIаса ккарал эркенал уздензабазул гьанже бугеб къадруялда рагIад рехулеб жо бицине.
[288] Гьебги цоги нугIлъи Игъадахъ мегIер къедисезул букIиналъе.

ИТУМ-ХЪАЛА ВА ХЬАРУ МУХЪАЗДАСА, ГЬЕДИНГО ТУШАЗУЛ 4 РОСУЛЪА КЪЕДИСЕЗ БОСУЛЕБ БУКIАРАБ МАГЪАЛОЯЛЪУЛ СИЯХI

1884 соналъул 4 августалъ Болъихъ бицараб харбида жаниб Къедиса нуцабазул вакилзабаз абулеб буго Къиялъ ва Туш мухъаздаса нижер умумуз босулеб букIараб магъалоялъул хIакъалъулъ нижеца хасаб кагътида хъвазе бугин. Гьединаб кагъат гьез хъван буго гIараб мацIалда ва гьеб Туплисалъул архивазда буго. Гьелъул рагIаллъабазда гIурус мацIалъ хъван буго гьадин[289]: «Тушалъ ва Терек областалда (Къиялъ) бугеб Къедиса нуцабазул буголъиялъул хIакъалъулъ». «Гьиндухъа гьезул букIана 7 гIиял къайи. Жидер умумузе гьеб батIи-батIияб буголъи кисан щвараб бицизе гьезда лъачIо», «(Гьезул) 12 рукъ буго Къеди, 2 рукъ буго Сасикь. Киназдаго абула Алдамилалин, Авариялдаса вачIарав гьезул кIудияв эмен Алдамил цIаралда». ;;; ;;;;; ;;;;;;; ; ;; ;;;; ;;; ;;;;; ;;;;; ;;;;; ;;;;;, ;;;; ;;; ;;;;;; ;;;;;;; ;;; ;;;;;;; ;;;;;;; ;; ;;;;; , ;;;;; ;;; ;;;; ;; ;; ;;;;; ; ;;; ;;; ;;; ; ; ;;;;; ;; ;;;; ;;;; ;; ;;;; ; ;;;;;;; ; ;;; ; ; ;;; ;; ; ;;; ;;; ;;;;;; ;;;;; ;;;; ;;; ;;;;; ;;; ;; ;;;; ;;;; ;; ;;;;; ;;; ;;;;; ;;;; ;;;; ;;;;; ; ;; .... ;;; ;;;; ;;;;; ;;;;; ; ;; ;;;;; ;;;; ;;;;; ;;; ; ; ;;; ;; ; ;;;; ;;;; ;;;;;;; ; ;;; ;;;; ;; ;; ;; ;;;;;;;; ; ;;; ;; ; ;;; ;;;; ;;;;; ;;;;;;; ; ;;;;;; ;; ;; ;;; ;;; ;; ;;;; ;; ;;;;;;;;; ;;;;;; ;; ; ...;;;;; ;;;;; ;;;; ;;;;;;; ;;;; ;;;; ;;; ;;;; ; ;;;; ;;;;; ;;;; ;;;;;;; ;;;; ;;;;;;; ;;;; ;;;;; ;;;; ;;;;;;; ;;; ;;;; ; ;;;; ;;;;, ;;;; ;;;;; ;;;; ;;; ; ;;; ;; ;;;; ;;;;;;; ;;;;; ;;; ... ;;;; ;; ;;; ;; ;;;; ;;;;; ;;;; ;;;, ;;;; ;;; ;;; ;; ;;;; ;;; ;; ;;; ; ;; ;;;; ;;;... ;;;;;;;; ; ;; ;;;; ;;; ;; ;;;;; ;;;;; ;;;; ;;; ;;;;;; ;;;;;; ;;;; ;;;;; ;;;;;, ;;;;;;; ;;;;; ;;;;; ;;; ;;;; ;;;;; ;; ;;;; ; ;;;; ;; ;;;;; ;;; ;;;;; ;;; ;; ;;;;; ;;;;;;;, ;;;;;;; ;;;;; ;;;;;;; ;;;;; ;;;;;;; ;;;;;;;;;; ;;; ;;;;;; ;;; ;;;;, ;;;;;;; ;;; ;;;;; ;;;; ;;;;;;; ;;;; ;;; ;;;;;;, ;;;; ;;;;;; ;;; ;;;; ;;; ;;;;; ;;;;;;; ;; 5 ;; ;;; ;;;;;;;
Таржама[290]:

Ниж Къедиса амирзаби ккола аваразул амирзабазул наслаби.
Тушаз[291] ва къиялаз[292] нижее кьолеб букIана харадж[293] ва джизят[294]. Гьениб (Къиялъ – авт.) буго нижер «Гьиндухъа» абун мегIер[295], гьа нир хадур рехсарал бакIазул гIорхъабазда жиндир гIорхъаби щвараб:
- «Ашахъан чIвараб» абулеб бакIалдаса[296] Алдамил иццде щвезегIан[297];
- АпаратIа[298] мегIералъул Аргуналдехун балагьараб рахъалдаса чвахулеб лъарахъе щвезегIан. Гьеб лъар жубала Аргун гIоргун;
- гьениб гIагарда бугеб «Хуляб мегIер» абулеб гохI[299], гьеб гохI буго Хашакь росдада аскIоб, гьелъул бетIергьаби руго хьарусел[300];
- «Бо рештIулеб майдан» абулеб бакIалдаса байбихьун[301] АпаратIа магIарде щвезегIан[302];
- хонокьисезул байдабазде щвезегIан. Гьениб аскIоб буго мегIер «Бо рештIулеб лъарагI» - ин жинда абулеб[303].
Хонокьисезул[304], гьагIмадисезул[305] ва хашакьисезул[306] щибаб рукъалдаса нижеца босула цо-цо къали ролъул[307]. Сандакъурисазухъа[308]ва кIеселисезухъа[309] босула ункъ-ункъ куйги кIи-кIи хухги. хьарусезухъаги[310]] гьединго – ункъго куйги кIиго хухги. Гьединго ункъго куйги кIиго хухги босула Шекъери росдадасаги[311], гьединабго къагIидаялъ босула Гьиндухаги[312].
ХIашари[313] росдал жив-жив балугъав чиясда (ХIашари – Хьачара(чеч.) – авт.) тIадаб буго кIи-кIи гулаги бисил тIомалъул цо-цо ралъхъенги нижее кьезе. Зумсур[314] росдал жиб-жиб рукъалда тIадаб буго нижее баща-бащадаб къали ролъул кьезе.
Тушетиялъул ункъго росдадаса, гьелги – ШенакIо, Омало, Дагъалди ва Агибурти[315], нижеца росула гIорцIмаби яги ункъго тумен[316] гIарац. Гьеб бакIаризе ва босун вачIизе арав чиясе нижеца кьола ичIго марсум[317].
Гьаб кагъат нижеца хъвана нижер гьеб буголъиялъул суал роцIцIинаби мурадалда. Нижги Къедиса Алдамил вас Ашахъан[], Ханбулатил вас ХIамзат ва ГIалисултIанил вас ГIалисултIан. Нижго хъвазе-цIализе лъаларел рукIиналъ гьаб кагъат хъвазе нижеца тIад къана НурмухIамадида.
Дун, Зибирхьалиса ХIасанил вас НурмухIамад. Жидеда хъвазе-цIализе лъаларин гьал гIадамаз абидал, гьезие гьаб кагъат хъвана дица 1884 соналъул 5 октябралъ.
………………………………………………………...................................

[289] ТIанчил тIарадаги хьалбаздаги къаламалъ хъван буго гIурус мацIалда. 
[290] ГIараб мацIалдаса таржама гьабуна Къедиса АмирхIамзал ГIаббасица. 2015 сон.
291] Гьел ккола ГIанди гIоралъул тIасияб рахъалда (тушазул Алазан) Гуржиялъул Ахмет районалда бугеб халкъ.
[292] Шарой районалда бугеб халкъ. XIX гIасруялъ гIурусаз гьарурал хъвай-хъвагIаязда бихьизабун буго Шуар (хьарусел) 7000 чияс гIумру гьабун бугин Шаро-Аргун гIоралъул тIасияб рахъалда. ГIанди щобалъул гIазулал тIогьазда гIагарда. (Инст. Нахологии. Описание Вайнахских Племен по состоянию на 1859г).
[293] Харадж (гIараб.) - Бусурбабазул пачалихъалда ракьалъухъ бахъулеб магъало.
[294] Джизья (гIараб.) - Бусурбабазул пачалихъалда Ислам босичIел гIадамазухъа (зимми) босулеб магъало. ШаригIаталъул гIалимзабазул бихьизабиялда рекъон джизья буго, жидер ракь бахъарал бусурбабазе капурзабаз кьолеб магъало. Джизья кьеялдаса эркен гьарун рукIана капурзабазул руччаби, язихъал гIадамал, лагъзал, гIузруял гIадамал, бусурбабазул аскаралда ругел насраниял.
[295] Гьиндухъ – гьиналъухъ (гIурус – «у замка») –къедисезул мегIер. [Газимагомедов И. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015. С.
[296] Гьанжесеб Шарой районалъул ракьалда бугеб мегIер. ЧР. ГIорхъаби мухIкан гьаризе кIвечIо.
[297] Алдамил ицц – ГьагIмади росдадаса бакъбаккул рахъалда бугеб ицц. Олдамхиечуо (чеч.) – Алдамил лъарахъ бакI – ГьагIмади росдадаса бакъбаккул рахъалда бугеб бакI. XVIII-XIX гIасрабаз Къеди гIумру гьабун рукIарал нуцабазул рукъалъул чи Алдамил цIар лъураб ицц.
[298] Къедисезул мегIер. См. Хапизов Ш.М. Саламеэр, Эндирей, Аух (очерки этнической истории населения Терско-Сулакского междуречья). Махачкала, 2014. С. 67.
[299] Хуолие-лам ( Копна-гора) – ГIари-мегIер (магIар.). Хонокь ва ГьагIмади росабазда гьоркьоб , къилбаялъул рахъалда.
[300] Хьарусел – чачаназул Шарой районалъулал.
[301] Аскар рештIунеб майдан. Шарой районалда Хонокь лъарал рагIалчIван бугеб гIатIидаб майдан.
[302] Апарастие (чеч.). Шаро росдадаса бакъбаккул рахъалда, чачаназулги Дагъистаналъулги гIорхъода бугеб бакI.
[303] Бо рештIунеб лъарагI (авар.). БIен арие (чеч.) (Войск поляна).
[304] Хуландой – Хонокь, Хуланда. (чеч.). Чачаназул, Гуржиялъул ва Дагъистаналъул гIорхъаби журалеб мугIрул тIогьалъул аххада бугеб росу.
[305] Хьакъмада (чеч.) – ГьагIмади.
[306] Хашелдой (чеч.) – Хашакь. ГьагIмадиса къилбаялъул рахъалда ругел чIваднал.
[307] Кайл (ар.), къали – тIоршел борцулеб роцен. 12-ялдаса байбихьараб 16,5 кг. щвезегIан.
[308] Сандакъури (Сандахой) – Шаро-Аргуналъул рагIалда тушазул гIорхъода бугеб росу. АскIор ругел росаби: КIесели, Шекъери ва къилбаялъул рахъалда – Хонокь. 1944 соналдаса хадур рехун тун руго.
[309] КIесали – росу бан буго Шаро-Аргуналъул квегIаб рахъалда бугеб борхатаб щобил цIакъго гIодобе балагьараб лабаллъуда.
[310] Хьару, хьарусел. Шарой, ЧР.
[311] Шикарой (чеч. Шикъара) буго Шаро-Аргун гIоралъул квегIаб рахъалда, Хьароса (Шарой) бакътIерхьул ва къилбаялъул рахъалда.
[312] Хиндуга (чеч.) – Гьиндуха. ГьагIмадиса бакътIерхьуда ва хьонлъул рахъалда ругел чIваднал. 1944 соналдаса нахъе рехун тун буго.
[313] Хашари (Хьачара)(чеч.) – Хашарисел – Итумхъала районалъул Хачари росу. Гьеб буго чанго росдал гIуцIи, ЧIанти Аргуналъул кваранаб гIаркьеллъун бугеб Дзумсэрк лъарал кIкIалахъ рарал. Зумсурисаги Сандакъурисаги бакътIерхьул рахъалда тушазул гIорхъодегIан.
[314] Зумсур (Замсур) – Итумхъала районалъул росу. Гьел руго ЧIанти Аргун гIоралъул кваранаб гIаркьеллъун жиб бугеб Хелдихойги Хачаройги лъаразул жанирлъабазда рарал росаби. Гьезул гIорхъи буго Цова-Тушазулгун.
[315] Шенако (груз. ;;;;;;), (авар. - Шанагу), Омало (авар. – Умали), Дикло (груз. ;;;;;), (авар. – Дагъалда), Агибурт (авар. – Акибурти) — Эти четыре селения расположены в горной части Восточной Грузии, которая граничит с Дагестаном и Чечней. Называется этот микрорегион Тушети и занимает около 950 кв. км. в верховьях реки Андийское Койсу. Умали – это Омало, исторически являющийся самым крупным селением и центром Тушети; Шанагу – это Шенако, а Дагалда – ДикIло, оба они являются относительно крупными селениями Тушети и расположены на границе с Цумадинским районом РД, а исторически – с аварским бо Ункратль. Селения под названием Акибурти ныне не существует, но оно фигурирует в источниках XIX – начала ХХ вв. По данным 1834 г. в Омало жило 37, Шенако – 41, Дикло – 40 и «Агверти» - 11 дворов (всего в Тушети – 46 селений из 962 дворов) [Иоганн Бларамберг. Историческое, топографическое, статистическое, этнографическое и военное описание Кавказа / пер. с француз., пред. и комм. И.М. Назаровой. М., 2010. С. 369-370]. Согласно сельскохозяйственной переписи 1923 г. Омало состояло из 66 хозяйств (260 чел.); Шенако – 58 (245 чел.); ДикIло – 35 (178 чел.), а Агиурта – 3 (10 чел.) [Итоги сельскохозяйственной переписи 1923 г проведенной ЦСУ Грузии. Тбилиси, 1923. С. 70, 74 (на груз. яз.)]. По данным же 1931 г. сел. Агибурта уже заброшено, а его жители видимо перебрались в сел. Квемо Алвани на левобережье р. Алазани. Омало состояло из 84 дворов, Дикло – из 43, а Шенако – 70 [Макалатиа С. Тушети, Тбилиси, 1933. С. 86-89 (на груз. яз.)]. С того периода и по настоящее время – это три самых крупных поселения Тушети, а с 1980-х гг. по сути три единственных стационарных поселения в этом труднодоступном горном микрорегионе Тушети. Остальное население перебралось на Алазанскую равнину, в Кахети и города Грузии.
[316] Туман (перс.) – гIарцул цо къадар. СССРалъул 10 гъурщидаги магIарухъ «тумен» абулаан.
[317] Марсум – бакIарун бачIараб магъалоялдаса гьеб бакIаризе ун вукIарасе кьолеб букIараб бутIаялда цIар (процент).
[318] 1871 сон. КIудияв МухIамад.   

КЪЕДИСЕЗУЛ МУГIРУЗДА СВЕРУХЪ ХАБАР

Дагъистаналъул Халкъияб суд, 1887 сон.
…Ракьазда сверухъ дагIба букIана Шамилил заманалъ гьел ракьаздаса махIрум гьарурал бечедал гIадамазулги (ханзаби, нуцаби, амирзаби) ва жидер боцIи хьихьизе ракь гIоларого рукIарал магIарул жамагIатазулги. Гьединал ишазе мисаллъун босизе бегьула Дагъистаналъул халкъияб судалъ Игъадахъ мегIер сабаблъун букIараб дагIбаялъул 1887 соналъ гьабураб халгьаби. Гьеб мегIералъул бицун дагIба букIана: цо рахъалдасан, цереккун гьелъул рукIарал бетIергьабазул ирсилав Къедиса Алдамил[318], цоги рахъалдасан, «эркенаб жамагIат» Ункъракьалъул Силди, Гьакъо росабазул ва 1871 соналъ ункъракьалъулаз чIварав наиб (КIкIаратIаса) ХIажиясул гIагарлъиялъул. Къедисесул гьари судалъ гьесие бокьараб къагIидаялъ къотIичIо. МегIер кьуна пачалихъалъул хазинаялде. Ункъракьалъулазе ва кIкIаратIисезе изнуги кьуна гьеб мегIер пачалихъалъухъа ижараялъе босизе, жидеца къедисезе гьелъухъ цебеккун кьолеб букIараб мухьалъул бащалъиялъухъ[319].[320].

[319] ЦГА РД, ф. 2, оп. 3, д. 1436
[320] Бобровников В.О.. Мусульмане Северного Кавказа: обычай, право, насилие : Очерки по истории и этнографии права Нагорного Дагестана /В.О. Бобровников. — М.: Вост. лит. — 368 с., 2002   

ИГЪАДАХЪ МЕГIЕРАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ КIКIАРАТIИСЕЗ ХЪВАРАБ КАГЪАТАЛЪЕ, ГIУРУС ХАНАС КАВКАЗАЛДА ТIАД ТАРАВ ХIАКИМ ГРАФ ВОРОНЦОВ ДАШКОВАСУЛ ХIУКУМАТАЛЪ КЬУРАБ ЖАВАБ

Дагъистаналъул рагъулав хIаким.
Консилар. 1906 соналъул 15 февраль. Темирхан-Шура шагьар.
ХIурмат тIадегIанав императорас Кавказалда тIад тарав хIакимасул Халкъиябгун-рагъулаб хIакимлъиялъул консиларалда бугеб Наслабигун-Ракьазул суал тIубаялъул идараялде.
КIкIаратIисезул вакилзаби Халитил вас МухIамадихъ, ХIалимил вас ГIабдулахъ ва Имадибирил вас МухIамадихъ Игъадахъ, Гьиндуха ва АпаратIа мугIрул кьеян кIкIаратIисезул жамагIаталъ хъвараб ва 1905 соналъул 16 сентябралъ дихъе бачIараб кагъат тIад буссинабулаго, Наслабигун-Ракьазул суал тIубаялъул идараялда бокьун буго лъазабизе унго-унголъунги гьеб гьариялъул бетIергьабаз ханзабазул заманалъги гьел мугIруздаса пайда босулеб букIанин, гьенир аскIор ругел Къеди ва Силди росдал гIадамазго гIадин. Цинги гьел мугIрул ханзабазул рукIаралин абун пачалихъалъул хазинаялде росана ва ижараялъе кьолеллъун гьаруна.
Гьединабго гьари жаниб бугел кагътал дихъе цереккун Къеди ва силдисезул жамагIатазги чанго нухалъ рачIун рукIараблъиги хIисабалде босун, ритIухъаблъун бихьула гьаниб рехсараб лъабабго жамагIаталъухъе гьел мугIрул кьезе ва гьезухъа мухь босичIого тезе. Кинаб букIаниги гIиллаялдалъун гьедин гьабизе данд ккечIони, гьел мугIрул гьезухъ ижараялъе кьезе дагьабго мухьги тIад лъун.
Приложение: прощение и приговор.
Генерал-Лейтенант: подпись
Правитель Канцелярии: подпись
И. д. Делопроизводителя: подпись

Баку губерниялъулги Дагъистан областалъулги Ракьазул ва Пачалихъалъул буголъиялъул гIадлу гьабулеб Идараялъ Кавказалъулго Ракьазул гIадлу-низамалъул Идараялъул хIакимасул вакиласе 1906 соналъул 23 маялъ гьабураб № 8198 бихьизабиялда тIасан босараб.

«Пачалихъалъул хазинаялда ругел Гьиндуха, Игъадахъ ва АпаратIа мугIрул Дагъистан мукIурлъизегIанго цере жидер бетIергьанлъиялда рукIанин ва гьелдаса хадубги, Пачалихъалъул буголъиялъул гIадлу-низамалъул Идараялде Дагъистан областалъул пачалихъияб буголъи кьезегIанги жидер боцIи гьел мугIрузде унеб букIанин абун кIкIаратIисезул гьариялда жаниб бугеб хабар уяб[321] гьечIо, щайгурелъул, Дагъистан областалъул Рагъулав Губернаторасул консиларалъул архивазда ругел хIужабазул хал гьабулаго бихьулеб буго гьел мугIрул Дагъистан мукIур гьабизе гIемерго цере Къедиса нуцабазул жалго бетIергьанаб буголъилъун рукIараблъи, Дагъистаналъул ва Къиял мухъалъул гIадамазухъ ясахъги тIад лъун кьеялдалъун жидедаса гьез пайда босулел рукIарал.
Гьединго пайда босулеб букIана гьел мугIруздаса Шамилил заманалъги, гьес къедисезухъаги рахъун байтулмаллъун, ай жиндир хазиналъунги гьарун.
- Хадуб, цо заманалъ, гьел Гьиндуха, Игъадахъ ва АпаратIа мугIруздаса пайда босиялда сверухъ Дагъистан ва Чачан мухъалъул росабазда гьоркьоб дагIба багъаридал, 1865 соналъ Рагъулал хIакимзабаз ритIухъаблъун рикIкIана, Шамилил заман бачIинелелдего гьездаса ясахъ Къедисез босулеб букIараблъи ва хадуб, Шамилица байтулмаллъун гьарун рукIараблъиги хIисабалде босун, гьел мугIрул пачалихъалъул хазинаялде росизе;
- Къедисезул гьел мугIрузда букIараб бетIергьанлъиялъул ихтияр, гьоркьоб заман цIикIкIун ун букIиналда бан, тIагIараблъун рикIкIине;
- мискинго рукIинги хIисабалде босун, гьезул ирсилазе 200 гъур. гIарацги кьезе, Гьиндуха, Игъадахъ ва АпаратIа мугIрулги, хадуб киналго ракьал рикьа-риххулеб заман бачIинегIан Дагъистан ва Терек областалъул, гьелде щвезегIан жидеца пайда босулел рукIарал росабазухъ тезе, амма гIадамазе захIмалъулареб къадаралда ГIанди ва Терек мухъазул хIакимаз чIезабураб ясахъги бахъун, жибги кинабго Дагъистан областалда бакIарулеб пачалихъияб магъалоялда гьоркьобе бачIунеб.
Гьелдаго цадахъ ГIанди мухъалъул ХIакимасда тIад къан букIана, цо хасаб хIукму гьабизегIан заманалъ гIорхъи-рахъги чIезабун гьединал ракьал батIи-батIиял жамагIатазда хадур рихьизаризе, гьездаса ясахъ бахъиялъулги гIадлу-низам гьабизе, гIадлу хвезабуразухъа бахъулеб гIакIаялъулги гьеб ясахъалъулги мухIканаб хIисаб-суалги гьабизе.
Гьединлъидал, босулеб букIун батаниги, гьел мугIруздаса пайда кIкIаратIисез босулеб букIана гьезул гIарзаялда бихьизабураб къагIидаялъ цохIо жидецаго гуреб, - Дагъистаналъул ва Терек областалъул цогидал росабазгун цадахъ. ЧIобогоги гуро – лъалеб, рагIараб багьаялъухъ.
Хадубги гьел мугIрул кIкIаратIисез жидер гIарзаялда бицухъе, гьитIиналги гуро, 3000 десятин гIатIилъи бугел руго. Гьелда гьоркьоб Гьиндуха – 2000 десятин, Игъадахъ – 700 десятин, АпаратIа – 300 десятин буго».

(Кинабго кагъат гьанибе босулеб гьечIо. ХутIараб бутIаялда хъван буго кIкIаратIисезухъ гьеб заманалъ 874 десятин? ракь бугин ва 1905 соналъул 24 октябралъ Темир-Хан-Шура букIараб, ракьал ижараялъе кьеялъул даран-базар гьабулеб данделъиялда 190 гъур. лъагIалие жанибе кьезе къотIигун 1906 соналъул 1 апрелалдаса байбихьараб 1912 соналъул 1 апрелалде щвезегIан Игъадахъ мегIер гьезухъе кьун бугин. Гьел ва гьанире росичIел цоги гIиллаби сабаблъун кIкIаратIисез кьеян гьарулел мугIрул гьезухъ кьезе инкар гьабунин – авт.).
Верно: Помощник Уполномоченного Главноуправляющего Землеустройством и Земледелием на Кавказе: подпись
…………………………………………………....................

  [321] Уяб – битIараб.


1908 сон. КЪЕДИ РОСДАЛ ЖАМАГIАТАЛЪУЛ СПРАВКА[322]

Ниж - Къеди росдал жамагIат. Нижер буго 120 рукъ (цIараки). Гьел цIаракабаздасан нижер данделъана 1908 соналъул 10 сентябралъ 80 (ункъого) бихьинчи, цогидал сапаралда рукIана. Данделъи гьабуна мушавара гьабиялъе ва хабар-каламалъе гIоло. Къедиса МухIамадил вас НурмухIамадил изнуялдалъун нижеца тIаса рищизе нижеда гьоркьоса гIадамал. Гьеб мушавара гьабун КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ 309 хадуб нижеца вакил гьаруна гьав кIиявго камилав чи: МухIамадил Чанкур ва ХIадисил Муса, жив кIиявгоги Къедиса. Гьал данделъарал гIадамазул цонигияв батIа кIанцIичIо ва цонигияс хилиплъиги гьабичIо. Нижер пачалихъияб Гьиндуха мегIералъул хIажалъабаздасан калам гьабизе яги жаваб гьабизе хIукамааз нижее, гьел дагIбадулаздасан. Гьаниб тIад чIварал килшал ритIухъ гьарун нижеца печаталги чIвана гьаб справкаялда. Нижги росдал бетIер ва диванчагIи: /печатал/.[323] «Къедисезул вакилзаби МухIамадил Чанкурицаги ХIадисил Мусацаги гIарза бачIун буго жидее бокьун бугин, Гьиндуха мегIералъул гьанжелъизегIанги жидехъ букIараб, жибги Дагъистан областалъул гIорхъабазда жанибе кколеб бутIа, гьанже хадубги жидехъ тезе»[324]. «Жиб-жиб нухалъ багьа тIаде чIвалеб къагIида сабаблъун гьел мугIрул ва гIалахал ккана цо чиясул тIалабалда гъоркье, гьелдалъун хвана гьелъул гIадлуги. Гьезда аскIор ругел росабазул халкъалъе гьелдалъун заралги кколеб букIана, амма гIарзгун гьел къватIире рахъинчIо, щайгурелъул гьеб ракь ижараялъе босарав чи Къедиса нуцабазул наслуялдаса вукIиналъ, кидаялиго гьел мугIрузул бетIергьабилъунги жал рукIарал ва 1865 соналъ пачалихъалъул хазинаялде гьел мугIрул росулаго 200 гъурущ гурони жидееги кьечIел»[325].
……………………………………..............................

[322] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3, д. 143-2, л. 35, Переписка Наместника на Кавказе, 1907 г.
[323] ГIарабалдаса буссинабуна: ХIадисилазул АмирхIамзал МухIамадица ва Туначилазул Султанил МухIамадица.
[324] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3. Д. 143-2, л. 35. Там же.
[325] ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3. Д. 143-2, л. 98 а. Там же. 

МУГIРУЛ ЩАЙ ТIАД РУССИНАРИЧIЕЛ?

1. Гьел мугIрул бетIергьабазухъе нахъе кьечIо гьезул цоялда тIад гIарац ва тIухьи гьоркьоб бугеб магIдан букIиналъ[326];
2. Гьел мугIрул жиндир квершаликь кквеялъ Россиялъул хIукуматалъе рес кьуна бакIалъулал гIадамал цо къадаралда мутIигIлъуда чIезаризе – (авт.);
3. Гьел мугIрул ижараялъе кьей сабаблъун пачалихъалъул хазинаялде гIарац бачIине лъугьана.
Мисалалъе: архивазда ругел хъвай-хъвагIаязда балагьун бихьулеб буго Игъадахъ мегIералъухъ кIкIаратIисез лъагIалие кьолеб букIараблъи 190 гъур. 14 коп.; Гьиндуха мегIералъухъ силдисез – 380 гъур. 26 коп.; АпаратIа мегIералъухъ гьакъосез – 41 гъур. 70 коп[327].
Гьединго гьел ракьал бетIергьабазухъ тIад руссинаричIого теялъе гIиллалъун букIине бегьула Кавказ мукIур гьабун хадуб нуцабазул, ханзабазул наслабаздехун Россиялъул хIукуматалъ гьабулеб букIараб сиясатги. XIX гIасруялъул 60 соназул ахиралде Дагъистаналда тIад кибниги нуцабазул хIакимлъи бугеб бакI тун букIинчIо ва бажарараб жо гьабулеб букIана гьел гIадамал цебе букIараб къадруялде рахизе риччачIого чIезариялъе гIоло.
………………………………………............................................
 
[326] АКАК. Тифлис, 1882. Т. 12. С 1401.
[327] ЦГАРД.Ф. 171, оп. 1.Л. 12-18.

ЦО-ЦО БАЯНАЛ:

- 1886 соналъ Къеди букIун буго 125 цIараки. 266 бихьинчи, 231 чIужугIадан.
- 1896 соналъ - 132 цIараки. 241 бихьинчи, 252 чIужугIадан. Росдал киналго гIадамал – 523 чи. (Сасикь – 85 цIараки).
- 1899 соналъ - 125 цIараки. 268 бихьинчи, 247 чIужугIадан.
- 1908 соналъ – 120 цIараки.
- 1900 соназул байбихьуда Къеди мажгит цIи гьабун къачIаялъе нухмалъи гьабулев вукIун вуго ГъазимухIамадил МухIамадхан, Къазилъун вукIун вуго СагIидил МухIамадхан. Гьенив кумек гьабулев вукIун вуго НурмухIамадибирасул Сиражудин. Гьедин хъван буго мажгиталъул рагьуялда тIад бугеб кIамуриялда.


Рецензии