Къеди ва къедисел. 6 бутIа. Советияб заман

КЕДИ И КЕДИНЦЫ
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 6
Советское время.
(На аварском языке)

Вступление

ЦЕБЕРАГIИ

ТIоцебесеб дунялалъул рагъалъ загIип гьабураб Россиялда немцазул гIарцул кумекалдалъун 1917 соналъ тIалъи босарал, гьезул жасус, Ленин абулев жугьутIас нухмалъи гьабулел балшевикIаз, жидер рахъ халкъалъ кквезе гIоло ургъарал гьерсазул цояб букIана «Кинабго хIакимлъи - Советазухъе!» абураб ахIи. ХIакъикъаталдаги, байбихьуда батIи-батIияб пикру жидер бугел гIадамал гъорлъ рукIарал гьел советал 1917 соналъул хаслихъе балшевикIаз рихха-хочизаруна ва гьедин тIубанго жидехъе бахъараб хIакимлъи 1991 соналъ гурони нахъеги биччачIо. Гьезул гьеб ахIиялъул цебе цебесеб дандерижи Дагъистаналъул мугIруздеги щун букIана, амма 1921 соналде гурони тIуранго гьенир щулалъизе гьезда кIвечIо. Къедибги гьез тIоцебесеб селсовет гьеб соналъ рагьана.
БалшевикIазул кIиабилеб кIудияб гьереси букIана «Киналго заводал - хIалтIухъабазе!» абураб ахIи. ХIакъикъаталдаги гьез Россиялда гьеб заманалъ рукIарал заводал пачалихъияллъун гьаруна ва гьелде щвезегIан эркенго гьенир хIалтIулел рукIарал гIадамал кватIичIого лагъзал киниги гьел заводазда хадур рухьана ва, харжалъул бакIалда «захIматкъо» абулеб жоги хъван, кванихъ хIалтIизаруна.
Гьелдаса хадуб чанго соналдаса гьебго жо гьабуна росабалъ гIумру гьабун бугеб халкъалъеги. Гьелде щвезегIан жидерго магIишатги гьабун эркенго рукIарал гIадамал, «колхоз» абулеб жоги ургъун, хIал гьабун гьенире жанире ругIана ва добго «захIматкъо» абулеб, кагътида хъван букIин гуреб, бихьизеги щолареб, бичизеги лъалареб «мухьалъухъ» хIалтIизаруна.
БалшевикIазул лъабабилеб кIудияб гьереси букIана «Халкъазе - рекъел!» абураб ахIи. Россиялда тIад хIакимлъи босизе хIадурлъулеб заманалъго гьел ургъун рукIана тIоцебесеб дунялалъул рагъ Россиялъул жанисеб граждан рагълъун сверизабизе ва гьелъул кумекалдалъун пачалихъалда тIалъиги босизе. Гьеб сабаблъун, вацас вац чIвараб, вас ярагъгун инсуда данде вахъараб, росаби-шагьарал кIийиде рикьун цоцалъ рагъараб ва гьеб рагъул къурбаналлъун миллионал гIадамал лъугьараб балагь бачIана Россиялъул халкъазда тIаде.
Абизе бегьула Дагъистаналдаги гьебго хIал букIанин. БалшевикIал гьенире риччаралин - цоял, Дагъистанги, цадахъ кинабго Шималияб Кавказги чияда бачIеб, жибго жиндаго чIараб пачалихълъун букIине кколин - цогидал, имамги вищун гьелъул динияб пачалихъ гьабулел - лъабабилел, гIемер батIи батIиял къокъабиги, къуваталги, ахIиялги рукIана гьел соназ нилъер мугIрузда. Рагъалги ккана, цоцалъ рагъулел батIи-батIиял къокъабазда гьоркьор цо рокъоса, цо росулъа гIадамалги гIемер рукIана, гьедин цоцаз чIван гIемер чиги хвана.
Гьел соназ къедисезул мугIрузда хьихьун букIун буго Дагъистаналъул имам ХIоцоса Нажмудинил гIи-боцIи. Гьединлъидал батила, гьесулги СалтIаса УзунхIажилги боязда гьоркьор гурони къеди-сасикьел рукIанин бицен рагIичIо. Гьедин гьезул баракаталъ, цо рахъалдаги чIун балшевикIазда данде гурони гьел цоцалъ рагъизеги ккун гьечIо.
БалшевикIазул ункъабилеб, нахъегIанаб гьереси букIана «Ракь - рекьарухъабазе!» абураб ахIи. 1917 соналде щвезегIанго 90% Россиялъул ракь гьединги жалго рекьарухъабазулги хасал гIадамазулги бетIергьанлъиялда букIана. Жидехъе тIалъи щварабго балшевикIаз кинабго ракь пачалихъияблъун лъазабуна ва гьелда данде чIарал, рази гьечIел гIадамал цоял чIвана цогидал Сибиралде ритIун лъугIизаруна. ХутIаралги гьа ниб цебе бицараб хIалалъ цо цо гIуцIиялги ургъун, лагъзал кинигин гьенир рухьана ва кванихъ хIалтIизаруна.
Гьединабго хIал букIана гьел соназ Къедибги. Колхоз абулеб жоги гьабун гьенире къотIана цо тайпа гIадамазул, цогидал - рази гьечIел, цо-цо цIарги лъун туснахъазде ритIун тIагIинаруна, гьезул хъизаналги магIишат-яшавги пана-пасат гьабуна. Гьеб хIалалда, балшевикIазул тIанчIи коммунистазул зулмуялда гъоркь Россияги, жеги анцIила ункъго гьелда сверухъ ругел халкъалги хутIана 70 соналдаса дагь гьечIеб заманалъ. Советский Союз абулеб пачалихъги биххараб, коммунистазул къуватги хвараб 1991 соналъ гурони гьеб зулму гьел халкъазда тIасаги инчIо.
Абизе бегьула, киназдасаго къабихIаб, бищунго ничаб гьереси балшевикIазул букIанин «Ракъаразе - чед!» абураб ахIи. Ракъаразени киб гьез гьеб кьелеб, жидеца тIалъи босилелдего пачалихъалъул рукIарал нахърателалги къватIисел улкабазе ричун гьел рачIана росабалъе ва «продразвестка» абун цIар лъураб жоги ургъун рекьарухъабазухъаги бахъана - кваназе тараб гуребги ихдал хьазе тарабгицин тIощел. Гьеб ва гьелда релълъарал, гьел балшевикIазул гIайибалдалъун ккарал гIиллабаздалъун, 1920 - 1930 соназ миллионал гIадамал ракъун хвана пачалихъалда. ТIубарал росаби, шагьарал, сверун хъаравуллъиги лъун, хвезе тун рукIана коммунистаз. Россиялъул тарихалда жаниб гьединаб жо жеги ккун букIинчIо.
Дагъистаналдаги гьеб заманалъ кванил сурсатазул рахъалъ лъикIаб хIал букIинчIо, амма ракъиялъ гIемер гIадамал цадахъго хвеялъул хIужаби гьечIо. Гьединго, къеди-сасикьезул яги Ункъракьалъул цогидал росабазул гIадамал гьел соназ ракъун хвеялъулги бицен рагIичIо.
Гьедин, цоялдаса цояб кIудияб гьересиги бицун, тIалъи босарал коммунистаз, жидер хIакимлъиги щулалъараб, гьеб щулалъиялда жидер ракIги чIараб заманалъ лъазабуна Аллагьги гьечIин, гьев вугин абулел, гьесда божулел гIадамалги жидер пачалихъалда рукIине кколарин.
Киналго диниял бакIалги гьезул буголъиги пачалихъалъул буголъилъун лъазабуна, гьел бакIазул цо-цоял риххизеги гьаруна. Динал малъулел цIалул идараби къана, херал-гIолохъаназухъ балагьичIого, «рухIаниял» абун цIарги лъун, цоял чIван, цогидал туснахъазда лъун, лъабабилел Сибиралде ритIун диниял церехъабиги лъугIизаруна.
Коммунистаз бухIун, яги бахчараб бакIалда турун тIагIана нус нус соназ гьел диниял бакIазда ракIарун рукIарал тIахьалги цогидал кIвар бугел хъвай-хъвагIаялги. Гьеб балагьалдаса хвасарлъун нилъехъе щварал, гьанже килисабазданиги мажгитазданиги ругел басриял тIахьал руго гьеб заманалъ цо-цо гIадамаз коммунистаздасаги хIинкъичIого рахчун хутIарал. Ункъракьалъул росабазул мажгитаздаги руго гьединал тIахьал. Гьенир биценалги руго комсомолцал абулел коммунистазул тIанчIаз мажгитаздаса къватIибги бахъун диниябги динияб гуребги гIелму бухIиялъул хIакъалъулъ. Къедирги руго гьединал биценал. РухIаниял абун Ункъракьалъул щибаб росулъа 5-10 чи коммунистазул хIукуматалъ ккун иналъул ва гьел туснахъазда тIагIинариялъул хIакъалъулъги руго биценал.
Гьедин диналда кьабиги щвезабун, коммунистаз жидер пачалихъ лъазабуна Аллагьасда божуларезул пачалихълъун. Кинабго халкъалда тIадаблъун гьабуна цо къагIидаялъ пикру гьабизе ва гьелда хадуб хъаравуллъиги кьваризабуна.
Кинниги, бакI-бакIалда, хасго росабалъ хутIун букIана эркенлъиялъул дагьа-дагьаб асар – жалго гIадамал бетIергьанаб магIишат-яшав. Гьебги букIине кколарин, советиял гIадамал цоцада релълъарал, цоял-цоязда ращадал рукIине кколин хIукму гьабуна коммунистаз ва ургъана колхоз.
Кир жал рукIаниги ургъелги гьечIел, цогидазулгун данде рехизе жоги тIубанго яги дагьаб гурони гьечIел гIадамазул цо тайпа байбихьудаго колхозалда гъорлъе лъугьана. Гьенире лъугьичIони ккезе бегьулеб жо бичIчIаралги сас тун гьелгун журана.
Гьеб ишалъулъги жидерго кIигьумерчилъи бихьизабуна коммунистаз. Рази гьечIел гIадамазе жидеца гьабизе хIадурун бугеб жо гьездаса бахчана ва хIилла гьабун гьел гьеб разилъи гьечIолъи загьир гьабизе тIамуна. ХIатта, рази гьечIел гIадамал жидерго магIишатги гьабун жалго тезе ругин гьерсалгицин рицана. Къедиб буго бицен, къедисезда колхоз гIуцIиялъул бицине районалдаса вачIарав райисполкомас абун бугин, «Рази ругел гъоркьияб гьоцIире лъугьа, рази гьечIел тIасияб гьоцIире лъугьа», - ян. Гьесдаги божун «тIасияб гьоцIире лъугьарал» цоял, цо-цо иш сабаблъун хIакимзабазулгун дагIба гьабурал, яги гьезие рокьуларел, цогидал къедисел, ракIа-рахарун, колхозалда данде чIаралин, кулакалин цIарги лъун, гIемер кватIичIого туснахъ гьаризе рачун ана.
Иргадулаб гьеб зулму халкъалъе гьабизе коммунистал тIамураб нухмалъилъун букIана гьел соназ пачалихъалъулги гьезулги бетIерлъун вукIарав Исталиница цо данделъиялда гьабураб хитIаб. Гьебги гьелъул ккараб хIасилалъулги бицараб хабар буго гьаниб хадуб.
1929 соналъ Москваялда ахIун букIараб колхозникIазул тIоцебесеб съездалда кIалъалаго, СССР пачалихъалъул бетIер Исталиница абун буго: нилъер пачалихъалъул халкъалъул щибаб 100 рукъалда гьоркьоб 4-5 рукъ бугин кулаказул, 8-10 – бечедал гIадамазул[328].
Коммунистазул кIудиясул ахIиялъе жаваб гьабун, цолъарал магIишатал-колхозал гьаризе къватIире рахъарал церехъабазеги, гIадлу цIуниялъул идарабазеги гьел рагIаби рукIана жидер хIалтIи гIуцIиялъе бугеб, кидагосеб ва жинда тIад калам гьабизе рес гьечIеб нухмалъилъун. Гьелда рекъон, «кулаказул классалда» данде къеркьолаго, гьел хIаракатчагIаз хадусеб 5-6 соналда жаниб биххизабун, талавур гьабун буго аза-азар хъизаналъул магIишат. «Кулакал» абун, «колхозал гьариялда данде чIарал» абун цIаралги лъун, туснахъ гьаризе Сибиралде рачун ун руго миллионал гIадамал. Жидее къотIараб заман лъугIилелде цIакъ дагьал чагIи гурони гьезул чIагоги хутIун гьечIо.
1929 соналъ гьарурал хъвай хъвагIаязде балагьидал бихьулеб буго CCCР пачалихъалда жаниб букIараблъи 25 миллион хъизан. Щибаб хъизаналда жанив 4-5 чиги вукIун ватани, абизе бегьула, гьев гIаштIичиясул чанго рагIиги гьелда рекъараб нухмалъиги сабаблъун, бищун дагь босаниги, 12% гIадамазул ракьулъе битIун бугин. Гьеб ккола гIага-шагарго 15 миллион чи.
ТIоцебесеб дунялалъул рагъда Россиялъе камун вуго 2 миллион чи. КIиабилеб дунялалъул рагъда СССРалъе – 20 миллион чи. Рагъго гьечIеб заманалъ, бищун сахал, бищунго бажари бугел тIаса рищун 15 миллион чи тIагIинави гIадинаб рагъги балагьги халкъалъе цоги букIинеги ургъизеги рес бугищ!? Гьеб къадар гIадамазул буго цохIо «колхоз» абулеб жоялъул гьабил ганчIица хенараб.
«РухIаниял» «Халкъалъул тушбаби», «Ишпионал» абун цIаралги лъун, жеги чанго миллион чиясул рукьбиги «хъарсана» дол соназ, Ленинил ва унго-унгояв халкъалъул тушман Исталинил бихьизабиялда рекъон, коммунистазул хIукуматалъ. Гьебги - лъай бугел тIаса рищун, бичIчIи бугел цIехон. «Нижеца басрияб биххила дунял…», - гьедин гурищ гьел чIвадарухъабазул кумекчагIаз ахIулеб букIараб, боцIи гIадин бакIарун халкъги вагоназде бугIун, иргадулаб эшелон Сибиралъул цIоролъе регIулаго?
Гьаб баян ритIухъ гьабулел мисалал цIехезе гIемер рикIкIаде, архивазде яги тарихчагIазухъе ине кколаро. Дунялалда тIад бищунго кIудияб нилъер пачалихъалъул рагIа-ракьан гьечIел авлахъазда билараб, мугIрул тIогьиб яги кIкIалал тIинда къараб, бищун гьитIинаб яги кIудияб, цогIаги росу яги шагьар гьечIо гьеб балагьалъул лъалкIал жанир гьечIеб. Жеги чIаго руго гьеб жидер беразда бихьаралги жидеда хъваралги гIемерал нугIзал – «гвангъараб букIинеселъе» гIоло ракьулъе ритIарал гьел къурбаназул цо-цо лъимал, гIагарал чагIи, мадугьалзаби.
Колхозалги гIуцIараб, кулакалги лъугIараб, коммунистазул зулмуялдаги ругьунлъун гьанжего-гьанже халкъ гIодобе биччараб заманалъги бачIана цIияб балагь гIадамазде. 1941 соналъул риидал немцал кIанцIана СССРалда тIаде ва гьел цо лъагIалидаса Кавказалдеги щвана. Нальчик, Моздокги гьезда кодоб букIана, МахIачхъалаялдецин гьезул самолетаз бомбами рехана.
Коммунистаз халкъалъе гьарурал зулмаби сабаблъун Аллагьасго гьезде биччараб балагь бугин гьеб рагъин абулел гIадамалги гьеб заманалъ гIемер рукIана. Бицуна, гьелда релълъараб магIнаялъул хъвай-хъвагIаял жанир ругел кагъталгицин рукIанин немцаз самолетаздаса росабазда ва шагьаразда тIаде ралел.
Коммунистазда ццин букIунищ яги гьезул командиразул гьунар гьечIолъиялъищ лъаларо, тIоцебесеб чанго моцIалда жанир миллионал советиял рагъухъаби ккана немцазухъе асирлъуде ва гьезул гIемерисел гьенир ракъунги унтунги хвана. Рагъ лъугIидал чIаго хутIун ватIаналде руссаралги Исталиница анцI-анцI сон туснахъги къотIун, гьенирги тIагIана, дагьал гурого нахъе хутIичIого.
Пал-хIасил, къокъабго заманалда жаниб Белорусги Украинаги бахъун немцал Москваялде аскIоре щвана.
Гьеб хIалалде иш ккедал кIанцIизе бакI лъугIарал коммунистазги гьезул бетIер Исталиницаги халкъалде ахIи бана ва тIоцебесеб нухалъ гьезда вацалинги абуна. 1942 соналъ, СССРалъул халкъалъул балугъалщинал, 50 соналдаса гъоркье гIумру бугел бихьинал ватIан цIунун рагъизе рахъине тIадаблъун гьабуна.
Ункъракьалдаса рагъде арал бихьиназулги гIемерисел гьеб соналъ арал руго. Къедибги гьебго хIал букIана. Рагъде аралги гIемер рукIана, инчIого, рахчун чIаралги дагь рукIинчIо. Аразулги бащдал гурони тIад руссинчIо. РуссинчIезулги гIемерисел араб бакI лъачIого тIагIанин бихьизабун буго. Жидер хоб бугеб бакI лъалелги цIакъ дагь руго.
Тушманги ватIаналдаса къватIиве къотIараб, гьесда тIад бергьенлъи босулеб заманги гIагарлъараб 1944 соналъги гьекъезабуна коммунистаз СССРалъул цо-цо халкъазда зулмуялъул кьогIаб лълъар. Щибго жоялда щаклъи гьечIел, лъугьунеб бугеб жо бичIчIуларел гIадамал рачIун цо рогьалилъ аскарги тIаде гъун, рахъинаруна жидерго рукъзабахъа къватIире ва эшелоналги цIезарун, боцIи гIадин регIана ватIан тун.
Гьедин рачун арал чачаназулги ингушазулги росабалъе, гьездаго гIадин ватIанги тезабун, рахъинаруна Дагъистаналъулги цо-цо халкъал, гьелгун цадахъ ункъракьалъулалги. ТIад руссун рачIинчIого рукIине гIоло риххизаруна ва рухIана гьезул росабиги.
ГIемерисел къедисезе чIезе бихьизабун букIана Ведено росу. 1957 соналъ чачаналги тIад руссун рачIун гьенисанги рахъине ккарал гьел рахъ-рахъалде рикьана, гьединлъидал Къедире тIад руссун бащдалгицин къедисел инчIо. Гьединабго хIал букIана гочизарун рукIарал цогидал Ункъракьалъул росабазулги.
1953 соналъ Сталинги хун, туснахъаздаса тархъана гьес жанир тIамурал, гьеб заманалде чIаго хутIун рукIарал цо-цо гIадамал. Гьезда гьоркьов цо-кIиго чи къедисезулги ккана. Цогидал – кир ва кин хварал лъачIого тIагIана.
Гьелдаса хадусел соназ ккарал, тарихиялин абизе бегьулел лъугьа-бахъинал руго Къедир тIоцере токалъул чирахъал ракиги, машина бачIинги, мажгит байги, колхоз биххун гIадамал эркенлъиги. Хас гьабун гьеб колхозалъулги гьелда сверухъ букIараб-таралъулги бицине бегьилаан, амма тIехьалъул гьаб ва гьалда хадусеб бутIаялда гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицун букIиналъ тана.
 [328] И. В. Сталин. Сочинения, М, 1951, т. 13, стр.246 


ЦО-ЦО БАЯНАЛ:
- 1921 соналъул 30 январалъ гIуцIана Къедиб тIоцебесеб сельсовет.
Биценалда рекъон гьелъул тIоцевесев нухмалъулевлъун вукIана Паланасул АхIмад. «КIиго ханжар бухьарав Паланасул АхIмад» - ан аби буго Къедиб гьесул хIакъалъулъ.
КIиабилев яги лъабабилев вукIун вуго ХIадисил Муса. Гьев вукIараб заманги - гIага-шагарго 1926 -28 сонал руго.
- 1937-38 соназ Къеди школалда нухмалъулевлъун вукIун вуго КъурамухIамадов ХIажи, мугIалим вукIун вуго ГIалиев Джалал. Сасикь школалъул нухмалъулевлъун вукIун вуго ХIасанов Пахро, мугIалимлъун – ХIажиев ЗайнулгIабид.

КЪЕДИ СОВЕТАЛЪУЛ БЕГАВУЛЗАБИ:

1. Паланасул АхIмад. (1921-1923 ?).
2. ХIадисил Муса. (1926-1928 ?).
3. ……………………………………( ?)
4. Заргьалав .
5. Лабазанил МухIамад.
6. ГIащикъилазул Абубакар.
7. …………………………………….(?)
1944-1994 соназ Къедиб совет букIинчIо. Къедисел рукIана Сасикь советалда гьоркьор. 1994 соналъ гьеб цIидасан гIуцIана. Коммунистазул тIалъи тIаса рехараб заман букIаниги, гьелда цIар «Совет» абун хутIана.
8. Хъазил МухIамадил Завурбег. (1994-1998).
9. ГIабдухабирил Надирбег. (1998-2003).
10. ГIащикъилазул МухIамад. (2003-2014).
11. ТIайгибил ТIагьир. (2014-2019).
12. Асадулал Анварпаша. (2019).

САСИКЬ СОВЕТАЛЪУЛ БЕГАВУЛЗАБИ (къедисел):

- ГIусманил ГIаббас.
- ГIубайдулал Багисултан.
- ГIабдухабирил Надирбег.

СОВЕТ ХIУКУМАТГИ БИХЬАРАЛ ГЬЕЛЪУЛ ЗУЛМУГИ ХIЕХЬАРАЛ ГIАДАМАЗУЛ ХАБАР

Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIим:

- 1917 соналъул февраль моцIалъ Россиялда вукIарав пачаги тIаса рехун цIияб хIукумат гIуцIана Аллагьасде инкар ккурал коммунистазул аскараз. Гьеб жидеда Аллагь лъалареб къавмалъул халкъ жидеца гуккулеб кIудияб макру букIана: зулмуяв ханги тIаса рехун, бечедал гIадамазухъан фабрик-заводалги рахъун, помещиказухъа ракьалги рахъун, гьеб кинабго жо мискинал, пакъирал хIалтIухъабазе ва рекьарухъабазе кьезе бугин аби. Цогиги гьез абулеб букIана киналго гIадамал цоцада ращадал рукIине ругин рес-махIалалъул рахъалъан, щивав чи жиндие бокьараб дин гьабизеги тезе вугин.
Дагъистаналъул халкъалде хитIаб гьабун Лениница хъвалеб букIана нуж, нужерго пачалихъги гIуцIун, нужерго исламияб динги гьабун эркенлъуда тезе ругин. Нужеда тIад кинабгIаги магъалоги букIине гьечIин, нужер гIолохъабиги армиялда рачине гьечIин. Нужеда кодоб ярагъги тезе бугин, нужее зулму гьабулел ханзаби ва гьезул чукъби ракьалдаса тIагIинаризе ругин абун. Гьединаб берцинаб хабаралъ гуккун Дагъистаналъул гIемерисел гIалимзаби Ленинил рахъ кколеллъун лъугьана.
Ва амма жидее Аллагьас бичIчIи кьурал гIалимзаби гьесул диналъе гIоло гъазават гьабизе бусурбаби данде ахIизе лъугьана. ХIацоса Нажмудин, СалтIаса Узун ХIажи, Инхоса Дарбиш МухIаммад ва цогиги гIемерал гIалимзаби гъазаваталде къватIире рахъана. Гьез жив имамлъун гьавурав Нажмудиница жиндир вагIзаялъулъ абулеб букIана:
«Гьаб тIаде бачIунеб къавм буго жегиги дунялалда жидеда релълъарал рукIинчIел, жидер Аллагьги гьечIел, яхI-намус, ритIухълъиги гьечIел, гьереси бицун халкъ гуккулеб къавм. Гьаб къавмалъ бергьенлъи босани, нилъехъан ракьги ине буго, боцIи панзги ине буго. Нилъер агьлу-хъизанги гьезул кверщаликье ккезе буго, нилъер динги гьез гьукъизе буго, кинабго рахъалъан гьезул лагъзаллъун нилъги гьаризе руго. Нужер щивасул рукъалъул кIалтIе алжан бачIун буго, гьеб алжан бокьарав чияс, ярагъги кодобе босун, Аллагьасул тушбабазда рагъ гьабе!».
 БалшивикIазги, гьезул рахъалде лъугьарал гIалимзабазги имам Нажмудин халкъалъул тушман вугин, гьев жиндирго бечелъи цIунун вагъулев чи вугин абуна. ГIахъущаса ГIалихIажи, КъахIиса ХIасан ва цогидал гIалимзаби данделъун КъахIиб росулъ кIудияб данделъи гIуцIана ва гьениб имам Нажмудинил гъазават мекъаблъун рикIкIана.
Гьеб данделъиялда рукIарал гIалимзабаз Аллагьасул тушман Ленинихъе телеграмма битIана гьесие сахлъи гьарун ва гьев жидер цевехъан вукIин баян гьабун. Гьел гIалимзабазе жаваблъун Нажмудиница хъвараб кагътида абулеб букIун буго:
«Дун Аллагьасул диналъе гIоло капуразде данде вагъулаго хвела. Амма нужги гьеб къавмалъ чIвачIого тезе гьечIо!» - абун. Цоги бицен буго Нажмудин имамас ХIасанихъе хъван бугин: «Дица чIвачIого хутIани мун гьел капураз чIвазе вуго» - абун.
ХIакъикъаталдаги гьедин ккана.
1925 соналъ имам Нажмудин асир гьавуна ва гьесул гъазават гьоркьоб къотIана. 1930-абилеб соналдаса байбихьун 1938-абилеб соналде щвезегIан, цо-цо ккун рачун, Лениние хъат чIвалел рукIарал киналго гIалимзабиги, цоял Дагъистаналдаго чIвана цогидал Сибиралде ритIун гьенирго хутIана.
Россиялда ва гьезул кверщаликь ругел давлатазда тIад тIубанго бергьенлъиги босун болшевикIал Москваялъул кIалгIабахъ парахатлъидал гьезда жидеца халкъалъе бицанщинаб жо кIочана, гьезие гьабураб къотIиги биххана.
1928-30 соназде щвелелде гIадамазда кодоб букIараб ярагъ нахъе босана. Цинги, кулакал ругин абун, дагьабниги магIишат яшав бугел гIадамал гьеб магIишатги кодоса бахъун, Сибиралде ритIана. Хадуб гIаммаб магIишат гьабулеб бугин абун, халкъалда кодоб букIараб ракьги боцIиги нахъе бахъун колхоз-совхоз гIуцIана. Фабрик-заводал пачалихъалъулаллъун гьаруна, гьенир хIалтIулел рукIарал хIалтIухъабиги НикIалайица кьолеб букIаралъул бащдабцин мухьги кьечIого хIалтIизе тIамуна. Гьаб иш гьабиялда дагьабниги дандечIей гьабурав чи, «халкъалъул тушман» абун цIарги лъун, тIагIинавулев вукIана.
Дагъистаналда гIаммал магIишатал гIуцIулеб мехалъ гьелда данде чIолел гIадамал диниял гIадамал рукIуна.
Аллагьасул шаргIалда рекъон магIишат щивав инсан бетIергьанаб букIуна. «РухIаниял» руго, «бецIаб халкъ» буго абун цIаралги лъун гьел диниял гIадамалги цо-цо ккун халкъалда гьоркьоса чIарана. ХIатта туснахъ гьаричIого тарал гьезул руччаби лъималгицин рищиязда гIахьаллъизе гьукъулаан - халкъалъул тушбабазул хъизан буго абун.
Росабалъ рукIарал масжидал, мадрасаби къана. Гьезул бакIалда клубал ва комсомолазул агитпунктал гIуцIана. «Безбожникал» абун цIар бугеб книжкаги кодобе кьун магIарул росабалъ гIолилал васал ва ясал диналде данде рагъизе тIамуна. Как балев, кIал кколев, лъималазда Къуръан малъулев чи гьел гIолилаз инжит гьавулаан «бецIаб», «беццаб», «лъавукъаб» халкъ бугин абун.
Бищунго захIматаб хIал букIана жидехъе тIубараб ихтиярги кьун щибаб районалда «тройка» абун цIар лъураб къокъа гIуцIидал. Гьел гIадамаз щивго нугI гьечIого, суд гьечIого бокьарав чи жанив тIамулев вукIана ва гьев «халкъалъул тушманлъун» гьавулев вукIана.
Гьадинаб зулму тIаде тIамун кIвекIарал магIарул росабазул жамагIатал ахир-къадги жидер мугъ бекун, кверал гIодоре рортун, гьел хIакимзабазул лагъзаллъун лъугьана. Щиб жо гьел хIакимазе бокьаниги гьеб жо букIана закон. ХIакимазда тIад судги букIинчIо, ханги вукIинчIо».


ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Эбел Сакинатица бицунаан, балшевикIал ругин жал абун цо нухалъ гIахьвалазул (ГIечIелдерил(?) кIудияб бо бачIун букIанин Къедибе. Росулъ бакI-бакIалда рештIарал гьез цIад бан хадур къватIахъ лъугьарал хIорахъаги гьекъолаанин боцIуца гIадин лъим. Гьелги гьезул чуялги кваназаризе тIад къан букIанин росдал гIадамазда. Жидеца хьихьизеги вихьизавун вукIанин 12 чи.
Гьеб заманалъ кIудияв инсул гIи букIун буго хIорабги къинабги батIа гьабун, цояб Жаниэнко, цогидаб Бакьулъ Гьандабури кулазда. Цо сордоялъ, лъица къотIарал лъаларо, гьел болшевикIазул чуял къотIун ратун руго Бакьулъ-Гьандабури колода гIиязда тIаде. Гьез мерхьун хвезабураб 60 лемаг реханин жидеца нахъисеб къоялъ колода нахъа бугеб щобилъа гъоркьеянги бицунаан эбелалъ.
ХIинцасул НурмухIамадихъги рукIун руго гьел балшевикIал. Рогьалил как базеян вахъарав гьесда цадахъго тIаде рахъарал гьез, БухIоялъул щобилъа тIаде ругел занал гIадамазда релълъунги рихьун, цIехон буго гьадал щалин. ХIинцас махсаро гьабун буго гьанже нилъ сверун ккун ругин абун. Махсаро бичIчIичIел гIахьвалазда гьоркьоб рихха-хочи ккун буго. Цояб ретIун, цогидаб ретIичIого, хехлъи гьабун жидерго ярагъ-матахIги бакIарун, чуялги хъамун росулъа нахъе тIурун руго.
Гьезул цоясул гъоркь хутIараб башлихъ жинца гIемераб заманалъ тIад ретIанинги бицунаан гьес. Цоги гьес бицунаан цIунтIал кверда росизе кIоларого гIемераб заман банин Муслим Атаевасул аскаралъ нилъер жаниблъиялда. Росулъ ругелщинал хIамулги ракIарун, гьезда тIад ханжу, чакар, ххам ва цоги гIадамазе къваригIунеб-хIажатабщинаб жоги къан, цо нухалъ живги, жинда цадахъ цогидал гIолохъабиги ритIанин гьез ЦIунтIе, гьеб жо гIадамазе бикьизе. Гьеб ишалъул мурадги букIанин цIунтIасезул дандечIей чучлъизаби. Гьеб заманалъ ЦIунтIа рагъулъ чIван рарал багIарал партизаназул жаназабаз, гьекъезе бегьулареблъун лъугьун букIанин нилъер гIурул лъим. Цоязда хадур цо рукIунаанин гьел лъеца тIад росун рачIунел. Цо-цоял, рагIаллъабаздеги ккун, тIад борохь банги рукIунаанин.
Дагъистаналъул ункъабилев имам ХIоцоса Нажмудинил гIи рии базе нилъер мугIрузде бачIунеб букIун буго. Цо заманалъ гьезие вехьлъи гьабун буго Бурашилазул чагIазги. БолшевикIазда данде букIараб рагъулъги къун вахчизе ккарав гьев, цIунтIадерил мугIруздаса вилълъунги вачIун, Игъадахъ гьесул гIияда вукIарав Гъанбулатил МухIамадханиде тIаде щун вуго. Нажмудиница гьесда абун буго цо лемаг хъвейин ва, къотIун гьелъул гъвариги белъизе рехун, гьебги кванан: «ХутIараб дуе хIалал буго», - янги абун, Къиялъе валагьун ун вуго.
ХIинцасул НурмухIамадицаги бицунаан болшевикIаз имам ккурал къояз жив ГьагIмади гьирихъ вукIанин. Жиндир мадугьаласухъ вахчарав чи щив вугев лъарав цо къиялас мацIги гьабун[329] ккун вачIарав Нажмудинги гьев кквезе рачIарал багIараб аскаралъул гIемерал солдаталги рихьанин жиндаги ва жинда цадахъ рукIарал цогидал нилъер гIадамаздаги. Гьима гIурул жаниблъиялда букIанин гьеб иш. Какие заманги щун букIун, жив ккурал чагIазул командирасда гьарун как базе виччарав Нажмудиница гьеб бан бахъинегIан аскарги букIун буго мухъалда чIун, гьезул командирги вукIун вуго честги ккун. Как бан бахъарабго, жиндирго къвалакьа бахъун чахъдал гIадагIоялъул гьабураб къвачIинисан цо гIортоялда жанибе тIехги бан, гьелда тIаде лъарахъа босун лъинги тIун, гIучIалъ багъарун цо хIохьалда гьебги гьекъон: «Гьанже ваче дун», - ан абун буго гьес. Гьеб бакIалда аскIоб майданалда рештIинабун букIун буго самолет, гьелдаги рекIинавун вачун ун вуго Нажмудин.


[329] Чачаназ бицана ГьагIмади росдада нахъа бакъда бугеб гьитIинабго цо росулъ (цIар цIехезе ккола) Нажмудин вахчун вукIин балшевикIазда лъан бугин гьеб росулъ рузманалъул какда вукIарав жидерго жасусасдаса. Шарой кIкIалахъ ругел киналго росабаздаса гьез тIалаб гьабулеб букIун буго лъихъ ватаниги гьев нахъе кьей. Гьелъул хабар ккун буго гьеб росдал мажгиталдаги ва гьелдаса дов жасусасда бичIчIун буго имам гьеб росулъ вукIин. БолшевикIаз гьенибе гIарада бан буго ва самолеталги тIад сверизарун хIинкъаби кьун руго. Жив сабаблъун гIадамазе зарал ккезе теларин абун Нажмудин живго багIаразухъ кверде ун вуго.

Сасикьа Сайпудинил ГIусман:

- Муслим Атаевас бетIерлъи гьабулеб балшевикIазул цо къокъаялъ Сасикьги Къедибги 3 моцI бан буго. ГIемераб къварилъиги гьабун буго гьез гIадамазе: оцал хъун руго, рукъзабахъа бусен-къай, цIарагI бахъун буго. ЦIунтIадерица жидер рахъалдехун нухги къан рукIун руго гьел гьенир рештIун.
Кинго гьелги нахъе унарого къварилъиялда ругел сасикьел ургъун руго хIиллаялъе. Эчедисезул рахъалда магIардеги ун гIолохъабаз гIемераб кьвагьа-гIанхъи, ахIи-хIур гьабун буго. Гьел ЦIунтIалин ккун хIинкъарал болшевикIазул боялъги кватIичIого росу тун буго.
Сасикьа нахъе ун хадур гьел рештIун руго Эчедир.
Гьебго заманалъ Хъвайни росу ккун букIун буго болшевикIазда данде чIараб Жабуласул боялъ. Эчедир ругел багIараз Хъвайни ругел гьезда ахIулеб букIун буго: «Леее, нижер Атайопасе нужер Валийопги[330] ячун къаси Эчеди рачIа!» - ян.
Къаси рачIарал гьез болшевикIазул 60 чи чIван вуго. Гьенив чIван вуго живго Атаевасул вацги. Кутакав чи вукIиналъ ваччизе захIмалъулеб букIараб хIисаб буго - молодаги лъун ваччун унев гьев рагъухъабаз ЦIудул бусахъа гъоркье гIурулъе рехун вуго, цинги нухлул санагIалъи бугеб бакIалде щведал, ккун къватIивеги вахъун вуго.
Сасикьа ХанмирзахIажи[331] вукIун вуго ХIоцоса Нажмудинил цIалдохъан ва балшевикIаз имам кквезегIан гьесда цадахъа ватIалъунги гьечIо. Игъадахъ нахъа ХъахIаб лъехъ букIун буго Нажмудинилги гьесда цадахъ ругел гIадамазулги чIолеб бакI. ЦIалдейги, тIахьалги, бахIсалги рукIунаанила гьезул гьенир.
[330] Валиев – Хъвайни рукIаразул командир.
[331] 1930 соназ коммунистаз чIвана.

АмирхIамзал МухIамад:

- Инкъилаб бергьун хадуб Дагъистаналда букIараб рагъда ХIоцоса Нажмудин имамасул бодулъ цо заманалъ нилъехъа анкьго чи вукIун вуго[332].
Дибирасул МухIамад,
Шамсудин,
ХунтIи ХIажиясул эмен ГъазимухIамад,
Будун ГIали,
Шамсудин вукIана гьеб болшевикIазулгун букIараб рагъулъ накалда гулла щварав, гьеб гуллаги жеги гьениб жанибго бугин абулев рекъав чи. Лъукъун асирлъуде ккарав гьев, цогидал асиралгун цадахъ цо росдал къотIносан вачун унаго, цо бокьове кIанцIун вуго, гьедин гьезухъа лъутун ворчIун вуго.
Будун ГIали вукIун вуго надалда кIудияб цIинкирги бугев, нилъер мажгиталда будунлъи гьабулев чи. Кив жив вугониги, заман щведал щибаб как ахIизеги вачIунаанила гьев.
Гьеб бодулъ вукIун вуго СагIитил МухIамадханил ТIалхIатги. Росулъ къагIида букIун буго рагъде ритIизе иргадал можоро тIамулеб. КIудияв Мусадибирасул яс ячарав чи гьев, вакьадасе бодулъе ине можороги бачIун, гьесдаса цеве ун вукIун вуго гьениве.
Анкьабилев щив вукIарав дида лъаларо. Гьанив тIоцеве нилъеца рехсарав Дибирасул МухIамадги гьеб рагъдаса вуссун гьечIо. Берги ккун хун вугин гьев абун буго бицен.
Бодуе хъвезеян бачIараб цо гIачIар кквезе кIоларого рукIун руго чанго рагъухъан гьелда хадур рекерахъдулел. Жиндихъ теян вахъарав МухIамадица гьеб, цо лабаллъудаги базабун, нахъасан хIатIалги ккун чахъу гIадин бехъерхъун, бода цебе бачIун буго. Гьелдаса хадув унтун вегарав гьев тIадеги вахъун гьечIо.

[332] ХIоцоса Нажмудин-имамасул бетIерлъиялда гъоркь балшевикIазда данде гьабулеб рагъул цо-цо гIужаз, биценазда рекъон, 20-ялдаса цIикIкIунги къедисев вукIун вуго имамасул аскаразда гьоркьов.

 МухIамадил Къурбандибир:

- Нажмудин имамасул бодуе хъвезеян бачIараб цо гIачIар букIун буго, кквезе чIоларого, рагъухъабаз горсвери гьабун жанибе ккезабун. Гьеб бодулъ вукIарав Дибирасул МухIамадица бодул бетIерасда гьикъун буго: жинца ккуни, гьеб хъвезеги жив телищан. Телин гьес абидал МухIамадица рагъухъабазде ахIун буго гIачIар лъутизе биччаян. Тату хвезегIан бекерахъдизеги гьабун гьес гьелъул нахъисеб хIетIе ккола ва кьурун гьебгун гIодобги ккезабула.
Гьеб иш букIуна доб ГЭСалъул лъел хIориниб гъанкъараб басрияб ЧIикIаб росдада гIагарда. Гьелдаса хадув МухIамад унтула ва черхалда чIегIерал тIанкIалги лъугьун лъабабилеб къоялъ хола. Бицен букIана гьесда бер ккун бугин. Гьеб хабар росулъе щведал гьесул имгIал Мажид уна ЧIикIаве ва Нажмудиница хварасул хъизаналъеян кьураб 50 туш тайпаялъул чахъуги гIарцул кьили-къай лъун къачIараб чуги бачун тIад вуссуна. МухIамадил магIирокъоб магIу гьабулаго гьесул яц ГIашураца абун буго: «ГьечIеб бакIалда гIи бачIинчIого, гIимач, дие дир вац щай вачIинчIев?» - ан. Гьеб «гьечIеб бакIалда»-ян гьелъ абиялъул магIнаги букIун буго гьадинги кигIанги гIи-боцIи букIанин МухIамадилин абураб.
Гьеб рагъде инчIого чIезеги рес букIун буго гьесул. Гьедин чIезе бокьарав чияс мухь кьезе кколеб букIун буго бодуе. Цо оц яги цоги гьелда бащадаб жо букIун буго гьеб мухьалъул къадарги. Гьебги кьун рокъов чIани, хIинкъун чIанин, жо кьезе рес букIиналъ чIанин гIадамаз абичIого букIине гIоло ун вуго гьев рагъде.
Чанав яги боцIуда вукIун рокъове щведал, тавуханалда цеве гIодовги чIун цIулал гьабураб цо кIудияб гIорто чIагIдал гьекъолаанила гьес кидаго. Биценалда рекъон цо литргун бащадаб лълъел жанибе унеб букIун буго гьеб гIортоги. Цо заманалдаса гьедин гIодов чIун вугев гьесул махIалда жемарал зангал-хьитазул чIалал жалго тIезе байбихьулаанила. Гьеб мехалъ МухIамадица абулаанила: «Гьанже би хIалтIизе байбихьана», - ян.
Гьесул яс, дир кIудияй эбел Хадижатги цIакъ къуват бугей сахлъи щулияй гIадан йикIун йиго. Гьейги мацI лъаларев ГIабдурахIимги гурони цо гектаралдаса цIикIараб ракь цо къояллда жаниб харицелалъ бецизе кIолев чи Къедиб колхозалда вукIинчIин бицунаан кIудиял чагIаз.
Совет хIукуматалъул заманалъ, цо квачараб хасалил сардилъ кIиго къедисев хутIула машинаги хун ЦIияб ЧIикIаб росдал рагIалда нухда. Кинго гьебги къачIан бажаричIого гьел росулъе уна ва сордо базе бакI цIехон чанго чиясул каву бухула. Жал кисан-щал ругеб ва къваригIел бициндал, щвара-щварав чIикIасес цо чияс гIадин гьазда цебе кавуги къала.
Гьедин иш халалъани жал къватIир хутIулеблъиги бичIчIун, гьез хIукму гьабула иргадал щвараб бакIалда жал кисан ругел мекъи бицине, гьедин гьабидал гьел цояс жаниреги риччала. Гьенир парахалъидал рукъалъул хважаинасда гьаз ккараб жоги бицуна. Гьеб хабар бокьичIев гьес гьезда абула рачIарабго щал ругеб лъарабани жинцаги нуж жанир риччалароанин.
Щай ункъракьалъулаздехун чIикIасезул гьединаб бербалагьи бугеб цIехедал гьес бицун буго, Совет хIукумат Дагъистаналда щула гьабулеб, гьелда данде чIун Нажмудин имамас гъазават лъазабураб заманалъ жидер гIемерисел гIадамал балшевикIазул рахъ ккурал рукIанин. Нажмудинил бодул цо къокъаялъулгун ккараб рагъулъ 40-50 чIикIасев чIван вуго. Хадуб лъан буго гьеб къокъа ункъракьалъулаздаса гIуцIараб букIараблъи. Гьеб иш сабаблъун лъазабураб тушманлъи жакъаги жидер гIадамазда ракIалда бугин бицун буго чIикIасес. Кин букIаниги, жинца нуж рогьинегIанги телин, амма жиндихъ рукIараблъи лъиданиги лъазе тогейинги гьарун буго.
Баянаб жо буго гьеб рагъда Нажмудин имамасул бодулъ нилъер росдалги чанго гIолохъанчи гIахьаллъи. Гьезул цоял гьенир чIван руго, цогидал хутIарал тIад руссун рокъореги рачIун руго.

ЦО-ЦО ТIОХОЦАГИ ЦIУНУЛА ГУЛЛИДАСА

СагIадулал МикагIил:

- Дир кIудияв эмен Дибир цо заманалъ гIахьаллъун вуго балшевикIазулгун букIараб рагъда СалтIаса Узун-ХIажиясул бодулъ. Гьес бицунаан, цо кьвагьа-гIанхъиялда гьоркьосаги ворчIун, хIухьбахъизе чIараб бакIалда мугъалдаса бахъидал, жиндир тIохол таргьинисан бортун гулла бачIанин. Балагьидал гьеб щун букIун бугоанила жиндир мугъалда битIун тIохол таргьида. «ТIохоца, ракъиялдаса гурелги, цо-цо гуллидасаги цIунулел рукIун руго», - ян велъулаан гьев гьелъул бицунаго.

МАЖГИТАЛЪУЛ ТIАХЬАЛ ВА НУЦАБАЗУЛ АРХИВ БУХIИ

АмирхIамзал МухIамад:

- Дида нилъер Хайрулаца бицун букIана жив гьитIинав чи гьеб мажгиталъул гIелму бухIулеб бакIалда аскIов мажгиталъул тIохда вукIанин. Гьеб хIалтIи гьабулел рукIанин нилъер росдал комсомолал абулел чагIи.
ГьабсагIаталъ нилъер мажгиталда ругел басри ял Къуръанал ва цогидал тIахьал ГIумарил Насру диница рахчун нахъе хутIа рал руго.
Алдамилазул чагIи Совет хIукуматалъ жанир тIамизе рачун индал гьезул рокъой хутIун йикIуна цо кIудияй гIадан. Цо къоялъ гьелъухъе щвезеян вачIарав гьелъул гIагарав чияс гьелда гьикъула хъалиян кьуризе кагъатго гьечIищ гьазул гьаниб абун. «ГьечIо, амма гьаниб цо гъамас буго, гьелда жаниб батизеги бегьула», - ян тIад кIул бараб гъамас бихьизабула гьелъ ва гьез гьеб кIичIалъаги бахъун рагьула. Гьелда жаниб гIемераб документ кагъатги батун гьев чияс абула: «Гьаб жо гьаб хIукуматалъухъе щвани, дур гIадамал къватIире рачIунаро», - ян. «Дица щибха гьалда гьабилеб?» - абун хIинкъарай гьелъ гьикъидал, дос гьелда малъула гьеб бухIизе кколин. Гьелъги гIемер ургъичIого къотIнобеги бахъун гьеб бухIула.
ХIакъаб жо буго, росдал тарихалъе кIвар бугеб гIемераб хъвай-хъвагIай гьеб гъансиниб букIараблъи. Гьениса хутIараб букIине ккола, цо рагIал бухIараб кагъат ГIалихъиличил МухIамадкамилихъги бихьана дида.

Зиявдинил Хайрула:

- Совет хIукуматги щулалъараб, нилъехъ колхозги гIуцIулеб соналъ дун вукIана 7-8 сон барав чи. Жал комсомолал руго абун, гIолохъабазул ва цо-цо ясазул цо балагь бачIараб къокъа букIана росулъ. Цо нухалъ гьез дунги аскIов вукIун мажгиталда жаниб букIараб гIелму гьелъул тIохде бахъана ва гьениб мохрол ракьандеги бакIарун бухIана. Гьез бухIараб жо букIана гIисинал тIахьал, тIанчал. КIудиял тIахьал гьенир рукIинчIо. Гьел нилъер гIадамаз рахчун рукIун руго.

СОВЕТ ХIУКУМАТАЛЪУЛ АГЕНТАЛ

Сасикьа БацIиязул Сайгисалим:

- Совет хIукуматалъ тIалъи босараб заманалъ нилъер росабалъа рачун гIемерал гIалимзабиги гьезул гIелмуги тIагIинабуна гьел балшевикIалин жидеда абулел чагIаз. Дир кIудияв эменгун цадахъ ккун вачун нижехъаги ана 5-6 гьединав чи. Къедисаги ун ругин букIана бицен.
Жидехъе тIалъи щведал гьел балшевикIаз щибаб росулъ гIуцIун рукIана, цоял балъгоял, цоял тIатарал агентазул къокъаби - комсомолцалилан, агиткружокалилан цIарги лъун. Тохаб гIамалалъул, тIадагьаб гIакълуялъул тIаса рищун гIадамал рукIана гьел къокъабазда жанир. Гьезул кумекалдалъунин гьеб къосараб агьлуялъ жидер хъубаб хIалтIиги гьабулеб букIараб. Рагьун Исламалде данде чIараб, диналдаса гIадамал нахъе ахIулеб букIана гьезул сиясат. Мажгитал къана, гIелму бухIана, какцин рахчун базе кколеб заман бачIана.

КЪЕДИБ КОЛХОЗ ГIУЦIИ

- 1938 соналъ Къедиб Ворошиловасул цIаралда бугеб колхозалде лъугьун букIун буго къедисезул 119 цIараки, 14 рукъ букIун буго жалго жидедаго чIун, «единоличникал» абун цIарги лъун (рукIинесел кулакал). 4 рукъ гьел цогIагиязда гьоркьобе унаребги букIун буго.
- 27 март 1944 сон. (Протокол Цум. РК ВКП(б)). ГIуцIаралдаса нахъе 5-6 сон ун бугониги, Къедиб колхозалъул букIун гьечIо рекьул ва цогидаб къай.
- 1944 соналъ къедисез колхозалъул хурзабахъе бан буго 400 тонна ракул.

ИбнухIажарил Халил:

- Къедиб тIубанго колхоз гIуцIараб 1938 соналъ дун вукIана 18 сон барав гIолохъанчи. Гьеб соналъ колхозалъе абун 11700 бетIер гIи-цIаназул бахъана хIукуматалъ росдал гIадамазухъа[333]. ЧIегIерхIайванал кигIан рахъарал дида ракIалда гьечIо, амма гьелги дагьал рукIинчIеблъи лъала.

[333] 2018 соналъ Къедиб 130 рукъалъул 1500 цин гIи-цIаназул гьечIо. МухIамадсултIан председательлъунги вугеб, бищун гIемер гIиги бугеб заманалъ Къедиб колхозалъул букIана 4700 бетIер гIиял.

СагIадулал МикагIил:

- ГIезегIанго магIишат-яшав жиндир бугев ШамилгIисаца, Къедиб колхоз гIуцIизе рачIарал хIукуматалъул чагIазда гьикъун буго: гьеб колхоз гьабураб бакI нилъер мухъалда цоги бугищан. Гьесие жаваб кьун буго ТIиндиб гьабун бугин. «Гьедин батани, гьезда къец бан нижецаги гьабизе буго», - янги абун ШамилгIиса рокъове ун вуго, жидее гьебги къваригIун гьечIин, жал гьенир гIахьаллъизеги гьечIин абун цо рахъалда чIун рукIарал Малачилав, ХIадисил Муса ва МухIамад, Иски ва цоги чанго чи, хIукуматалъ цереги къотIун, туснахъ гьаризе рачун ун руго ва гьезул кинабго магIишат-яшавги колхозалъе бахъун буго. Парил НурмухIамадил Шарухан боцIи бахъун тун вуго. Гьесул яц, Париласул ПатIимат ТIиндиса ТупгIалида йикIана. ТупгIали гьеб заманалъ ЦIумада райисполкомлъун вукIана. Колхозалъул тIоцевесев председателлъун ПаранкIмухIа мадилазул ГIабдурахIим тIамун вукIун вуго. Гьевги гIемер кватIичIого жанив лъун вуго, колхозияб магIишат кваналев вукIун вугин абун гьересияб гIайибги гIунтIизабун. 


КУЛАК ГЬАРИ

АмирхIамзал МухIамад:

- Гьеб соналъ росулъеги вач1ун ЦIумада районалъул райисполкомас къедисел цо бакIалде ракIарун руго ва абун буго: «Колхозалде лъугьине бокьарал гъоркьияб гьоцIире лъугьа, бокьичIел тIасияб гьоцIире лъугьа», - ян. Гьедин тIасияб гьоцIиве лъугьарав микьгояв:
ХIадисил Муса,
ХIадисил МухIамад,
Малачилав,
Чимчарал МухIамад,
Иски,
Сайпудин,
ГIусман,
ГIалисултан
- кулак гьаризе рачун ана. Гьезул магIишат-яшав пана-пасат гьабун тIагIана, лъимал-хъизан рахъ-рахъалде лъутун рахчизе ккана. Чимчарал МухIамад гурев, цоги чи гьезул чIаго хутIун тIадги вуссинчIо.

ТРОЙКАЯЛЪУЛ ЦО-ЦО ХIУКМАБИ

1. Гамзатов Алисултан, 1867 (1870) г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

2. Микаилов Малачилав, 1877 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

3. Мусадибиров Осман, 1907 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

4. Нурмагомедов Сайпудин, 1897 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

5. Сурхаев Эски, 1883 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

6. Хадисов Магомед, 1877 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

7. Хадисов Муса, 1876 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР.

8. Чимчараев Магомед, 1878 г.р., уроженец с. Киди Цумадинского района ДАССР. Арестован 29.07.1937. Приговорен 06.11.1937 Тройкой НКВД ДАССР к 10 годам ИТЛ. Реабилитирован 19.06.1989 Прокуратурой ДАССР[334].

9. ГIалиханов ИмангIали, 1880 соналъ гьавурав, Къеди росулъа магIарулав. ХIалтIулеб бакI – БОЗ. ГIумру гьабулеб бакI – Ачхой Мартан районалъул Семашки росу. Судалъул хIукму – ЧIВАЗЕ.
«Грозненский рабочий» казият, 24. 04. 1990 сон.
 [334] Ранее в 1931 г. был осужден. См.: Сулейманов, 2015. С. 578.

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Жинда жиндир инсуца бицараб бугин абун Сасикьа Хизрил Илясица бицана дида гьадинаб хабар:
«Нилъер росабалъ колхозал гIуцIизе байбихьарал соназ дун вукIана Сасикь селсоветлъун. Цо нухалъ хIукуматалъул хабар бачIана ГIанди мухъалъул киналго селсоветал Болъихъе ахIулел ругин абун. ХIукуматалъул данделъабазул рокъор нижги ракIарун гьенив кIалъазе вахъана Болъихъ НКВДялъул началникI. Гьес бицана нилъер мухъалъул щибаб росулъ ругин колхозазда данде чIарал, жидер боцIиги ракьалги гIемерал гIадамал, нилъеца гьезие тамихI гьабизе кколин.
Гьединги абун гьес щибаб росдал селсовет иргаялда цеве ахIана ва цереккунго хIадурарал кагътазда тIад гъулбасизе виччана. Гьел кагътазда тIад рукIана ГIанди мухъалъул жиб-жиб росулъа кулак гьаризе рихьизарурал гIадамазул цIарал. Дидаса цеве гьенивеги ахIун, жиндирго росдал гIадамазул сияхI бугеб кагътида гъулбасги лъун вачIана къедисезул селсовет[335]. Щай дуца гьеб гьабурабан дица гьикъидал гьев сас тун чIана. Цинги ахIана дир цIар. ТIадеги вахъун дица гьев началникIасдаги цоги гьенир гIодор чIун рукIарал хIалтIухъабаздаги цIехана нужер цогIаги чи цогIаги нухалъ Сасикье щванищан. Гьез щвечIин жаваб кьуна. Цинги дица абуна:
«Додинал кьурабаздаги ганчIаздаги гьоркьор гьел дуца абулел гIадал бечедал чагIиги рукIунаро, колхозалде лъугьинчIел, гьелда данде чIарал гIадамалги Сасикь гьечIо, гьединлъидал дир нужехъе кьезе гIадамалги гьечIо», - ян.
Гьелъие жаваб гьабун, цохIо «ГIодов чIа!» - ян гурони, дида гьес щибго абичIо.
Дидаса хадув ахIана гIандадерил селсовет. Нилъеда лъала Харайчо кIкIалахъе щун мугIрулги ракьалги, гьел мугIрузда аза азар гIи жанибе унел нохъабиги, нохъаби цIун гIиги жакъаги бугел гIандадерил доб мехалъги гьединал гIадамал рукIараблъи, амма гIандисес цо бер къапичIого гьев началникIасда абуна: «Дица бетIерлъи гьабулеб ракьалда тIад колхозазда дагIбаги бугел, кулак гьаризе гIураб магIишатги бугел гIадамал гьечIо», - ян.
ГьебсагIаталъго вачIун кIигояс кIиябго рахъалъан гъежги ккун гьев вачун ана. Хадуб лъана гьезул гьеб хIалтIи букIараблъи цогидал хIинкъизе гIоло гьабураб. Данделъи лъугIидал жиндихъеги ахIун НКВДялъул началникIас гьев гIандисесе баркала кьун буго ва: «Гьедин цIунизе ккола нилъер гIадамал», - ан абун буго.
Гьеб иш ккун хадуб рачIун милициялъул хIалтIухъабаз цереги къотIун Сасикьа эхере рачун ана къедисезул 7-8 сахав чи».
Дидаги ракIалда буго гьеб къо. ГьитIинав чи дун нижерго рукъалда цеве вахъун чIун вукIана, милицаз цереги къотIун ХIадисил Мусаги МухIамадги Шавалханил бакIалда цереса эхере рачун унаго. Бахъун тIагъурги хьвагIун МухIамадица дие къо-мехлъикIги гьабуна. Гьеб заманалъ гьесда ХIажилай йикIана чIужулъун. Гьелъул гьенир рукIун ккураб хIисаб буго гьел милицаз. Гьеб къоялдаса нахъе тIокIал гьел дида рихьичIо. Туснахъалда тIагIана кIиявго.
Цо цIахIилаб берцинаб чу букIана МухIамад-гIимачил. Нижер рагьдеги бачIана гьеб гьелдаса хадуб чанго нухалъ. Дица гьелъул габуралда, мегьедалда квер бахъулаан. Цинги гьебги араб бакI лъачIого тIагIана. Гьедин тIагIана гьезул цогидаб магIишат-яшавги.
Цебе нилъер мухъалда гIадат букIун буго рос гьечIел руччаби жидее рокьарал бихьиназда цIар чIвазе риччалеб. Гьедин цIар чIван ячарай йикIун йиго гьей ХIажилай МухIамадица.
Ккезе рекъараб, гьарурал мунагьазда, гIадамазде биччараб балагьалда бащадаб жо ккечIо доб хIукуматалъе. БетIер эхебе, хIатIал эхеде сверун биххизе кколаан гьеб. Цо-цо нухалъ гьелдаги гIайиб щибан ккола ракIалда. Нилъерго къадарал чагIаз, нилъерго мацIихъабаз тIагIинаридал нилъерго гIадамал. Эбелалъ абулаан, эмен жанив лъедал, цогIаги чи вачIичIин жинда аскIове квешаб-лъикIаб гьикъун, жиндир ракI батун хабар бицине. Нухда жий ячIуней йихьидалги дорегIан, гъорегIан къан унаанин чанги бихьинал.

 [335] Бицен буго, НКВД-ялъ гьел бегавулзабазулгун хабар цебеккунго бицун гьел хIадур гьарун рукIун ругин гьеб хIалтIи гьабизе. Къедисев байбихьуда инкар ккун чIун вукIун вуго. АхIун тIадегун гьев началникIас бахъун таманча лъун буго гьесдаги жиндаги цебе ва лъазабун буго, гъулбасичIони, чIвазе вугин. 

АмирхIамзал МухIамад:

- Сасикьа ГIабдуразакъил ГIабдурахIимица дида бицун букIана жиндир эмен ГIабдуразакъида лъалев чи вукIун вугин гIада мал кулак гьарулел соназ Болъихъ вукIарав прокурор. Кулак гьаризе рихьизарурал нилъер гIадамал Болъихъе рачун рачIараб къоялъ гье нив жиндирго хъулухъалъе щун вукIарав гьесда Къедиса Муртаза гIалиги[336] вихьизавун, прокурорас гьикъун буго гьадав чи щиб хIалтIи-пишаялъул, кинаб гьунаралъул чиян. ГIабдуразакъица жаваб кьун буго гьев жиндирго гIи-цIанигун мегIер-гIалахалда чIун бетIербахъи гьабулев мискинчи вугин абун. Гьесул гьел ра гIаби сабаблъун МуртазагIали кулак гьавиялдаса ворчIун вуго.

 [336] Къедиса ТIайгибил эмен, МахIач МуртазагIалиевасул кIудияв эмен. 

Зиявдинил Хайрула:

- Колхоз сабаблъун туснахъалде ккана ва гьенив тIагIана нижер Сахратулал эмен Сайпудин. Гьеб гьабураб соналъ гьесул вац Шигьабудиница ЦIумада райисполкомлъун вукIарав ТупгIалилгун дагIба гьабун буго, ГьитIинарохьоб бугеб жиндир бецулеб ракь колхозалъе бецизе биччаларин абун. Гьеб бакIалда вацасул рахъги ккун кIалъарав Сайпудиниде гьеб балагь бачIана.

ГIалихъиличил МухIамадкамил:

- Колхозалда данде чIун ругин, гьенире гьоркьоре лъугьунгеян гIадамазе хабар бицунеб бугин абун мацIихъабаз хъван рачIарал гIарзалги кьочIое росун, нижер тухумалъул 7 чи (Халил) цадахъго жанир тIамуна 20 аб. гIасруялъул 30 абилел соназ. Гьездаго цадахъ вукIана дир эмен ГIалихъиличги. КIудияв эмен ГIалисултIанида гIунтIизабураб гIайиб букIун буго къурбаналъе оц хъвей. Нилъер кIудияв Халилица бицун букIана Сасикьа эхеде вачIунев жинда гьел данделъанин Майданалда Малачиласул колохъ. Гьел рачун унел милицазда цадахъ Агъвалиса Шамхалги вукIанин. Гьенийго гьезда тIаде щун йиго Асалиса ячIуней, мугъалда баччун лъимергун йигей дир эбел Зайнабги. Жанир тIамизе рачун унезда гьоркьов жиндир эменги ватун, гьей гIодулаго гьесда аскIое ун йиго.
«Гьални гьазие рокьулел ратиларо, мунгIаги кин, дада, гьаниве ккарав?» - ан жиндирго инсуда гьикъулей гьей тункун нахъе реханин Шамхалицайин бицунаан Халилица.
Суд гьабизегIан гьел рукIун руго Буйнахъискиялъул тус нахъалда. Гьеб гьабизеян камералдаса вачун арав чиги тIадвуссунев вукIун гьечIо – я чIвалев вукIун вуго, яги Сибиралде регIулев вукIун вуго. Инсуца бицунаан, надзирателас жиндир цIар ахIидал, бахъун тIад букIараб сахаб ретIел жинца жиндир эмен ГIалисултIанихъе кьунин ва, къомехлъикIги гьабун, камералдаса къватIиве вахъанин.
«Тройка» - ян жинда абулеб, лъабго чи гIахьаллъулеб суд букIанин гьеб заманалъ. Гьезухъе вачарав жиндие гьез тилмачги гьоркьов чIезавун гIурус мацIалда гIемерал суалал кьунин. Судияс суал кьолеб ва гьев жиндихъ гIенеккун вугеб къагIидаялда балагьун жиндир пикру букIанин гьев чи магIарулав ватилин. Жеги гьев жинда лъаларев, амма жив лъалев Хунзахъа гIагарав чи ватилинцин кколеб букIанин.
Инсуе гьез гьениб туснахъ гьавизе тамихI къотIун гьечIо. Цадахъ рукIаралги хIикмалъизарун, гьев тIад вуссун добго камералде вачIун вуго.
Нахъисеб къоялъги ахIун вуго гьев надзирателас ва вачун дов судиясул кабинеталде щвезавун вуго. Гьес инсухъе кьун буго щуго бакIалдаса сургучалъ къараб кагъат ва, Хунзахъ НКВД ялде кьеянги абун, нахъе виччан вуго. Хунзахъаги, гьединабго кагъатги кодобе кьун, Болъихъ НКВД-ялде кьеян абун нухда регIун вуго. Гьениве щведал ги гьезул начальникIас гьесухъе додинго сургучалъ къараб кагъатги рекIине чуги кьун буго ва абун буго: «Нужерго росдал исполкома сухъе кье ва абе гьабго чуги рекIун метер Болъихъе щваян».
Сордо кватIараб заманалъ щун вуго эмен росулъе ва гьел соназ Къедив селсоветлъун вукIарав Заргьаласул нуцIида кIутIун буго. Гьеб рагьизе яхъарай чIужуялъ ахIун вачIарав Заргьаласухъе кагъатги чуги кьун, эмен рокъове ун вуго, нахъисеб къоялъ Болъихъе арав Заргьалав тIокIав росулъе тIад вуссун гьечIо.
Цо-цо гIадамаз абула гьев туснахъалда тIагIанин. Гьеб битIун гьечIо. 10 сонги жаниб бан, Веденоб нилъер росу бугеб заманалъ гьев гьениве вачIун вуго ва дир инсухъеги щун вуго. Эмен гьес тIаса лъугьинавун вуго ва бицун буго нижерги, нижер гурелги росдал гIадамал жанир тIамизаризе квер бакъун хIукуматалъухъе хьвадулел рукIарал мацIихъабазул хIакъалъулъ.
Дир кIудияв эмен ГIалисултIан МахIачхъалаялъул туснахъалда хун вуго ва гьенив Албурикенталъул басрияб хабалалъ вукъунги вуго.

АмирхIамзал МухIамад:

- Заргьалав нилъехъ сельсовет вугеб заманалъ милициялъул хIалтIухъаби рачIун рукIун руго Шаруханихъа гIи бахъизе. Сакинат - кIудияй эбелалъ бицунаан, гьез гьеб гIи рикIкIунеб ва хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалъ, гьениб рагъида тIад квачIазда бетIерги лъун бегун букIараб гьесул гьвел бадиса магIу букIанин горо-гороккун цоялда хадуб цо бортун унеб. БакIарун гIигун гьел нахъе унелъул ццидалъ вугев Шаруханица: «Гьабги баче!» - янги ахIун, гьелъул хьолболъ мал банин.

Нуцалханил ХIасбула:

- 1936-37 соназ росулъ колхоз гьабулаго гьелда данде чIарав вукIанин абун хIукуматалъ толарого лъутун вахчизе Гъалгъаялъе ине ккана дир эмен Нуцалхан. ГIемер кватIичIого гьес хабар бачIана нижги гьенире ахIун. МухIамадханги, ГIумаханги, дунги ана Гъалгъаялъе инсуде тIаде. Эбелги, Исламги, МухIамадги цо яцги росулъ хутIана.
Инсул вац Иландулавги эменго гIадин росдал мацIихъабазги хIукуматалъги течIого къватIив арав вукIана. Гъалгъаялъ ниж ругеб бакIалдегицин бачIана цIех-рех инсуда хадуб. Амма гъалгъаяз эмен гьезухъе кьечIо.

Мусадибирасул ГIусман:

- Щуго яцалда гьоркьов цо вукIарав дир кIудияв эмен ГIусмание эбел-инсул ирсалъул кинабго бутIа щун букIуна, гьединлъидал, колхозал гьарулел соназ гьев вукIун вуго росулъ бищунго ресалда ругел гIадамаздаса цоявлъун.
Росулъ колхоз гIуцIиялъул хабар бугеб заманалъ сардилъ рачIунел рукIун руго цо гIадамал ГIусманихъе, нилъее колхозги къваригIун гьечIин, гьелда гъорлъе боцIиги рехизе гьечIин абун хабар бицине. Гьес гьезда абулеб букIун буго нилъ хIукуматалдасаги бергьунарин, рехани щиб гьенибе боцIиян. Гьелго гIадамаз къад цогидал ругеб бакIалдаги хIукуматалдаги бицунеб букIун буго ГIусман вугин бищунго колхоз гьабиялда данде чIарав чийин. Гьел жахIдачагIазул мацIал сабаблъун чанго нухалъ туснахъ гьавун вуго гьев хIукуматалъ, амма щибаб нухалъ къватIивеги вачIун вуго.
Кьурдизе лебалав чи вукIиналъ, цо нухалъ Болъихъ туснахъалда вукIарав гьев виччан вуго цо байрамалда гIахьаллъизе, гьеб лъугIарабго тIад вуссине къотIигун. ТIад вуссун туснахъалде щведал гьесда жиндирго къайи-матахI жаниб бугеб таргьа рагьдухъ лъун батун буго. Гьеб кин-щайин цIехедал, НКВД-ялъул началникIас гьесда абун буго мун гьанив туснахъалда вукIине кколев чи гьечIин, гIадамазе рекIелгъейги гьабун вукIине дурго рокъове айин.
Гьесда гьев доб байрамалда кьурдулев вихьун вукIун вуго. Ахирисеб нухалъ гьевги кквезе боцIиги бахъизе хIукумат бачIине бугин хабар рагIидал, мадугьал ГIубайдулаца сардилъги ун гьесул чIахIиябщинаб гIи бищун Кванхибе щвезабула. Гьеб иш гьес гьабула кIудияв инсуе, жиндир мадугьаласе лъикIлъи гьабун. Кванхиса тIад вуссун рокъове щвелалдего рагIун буго гьесда жинца гIи араблъи росулъ лъан букIин ва, тIад вуссун Кванхивеги ун, бачун гьеб ТIадгьаквариса ГIалихъе щвезабун буго. Гьениса рокъов щведалги гьесда бичIчIун буго гьедин бахчун гIи тIубалареблъи ва, радал жиндирго вас Лабазанги гIигун гьакварисезул рахъалде вачIине тун, ТIадгьакваривеги ун, бачун гIи Лабазанилалда гьоркьоб жубазабун буго.

ИбнухIажарил Халил:

- БалшевикIалги рачIараб гьез жидерго хIукуматги гIуцIараб заманги лъала дида. Байбихьуда гьезда гьоркьор нилъер гIадамал рукIинчIо, цоги-цогидазе гIадин гьез нилъер росдае къварилъиги гьабичIо. Хадуб колхозал гIуцIулеб, гIадамал кулак гьарулеб заманалъ нилъер чанги чи гьез тIагIинеги гьавуна, гьелъие кумек нилъерго мацIихъабазги гьабуна. МацIалъе лебалав чиги чанги вукIана нилъехъ, жидер умумулъа тIадего гьелъие махщел ирсалъе щварал. Гьезулго тIанчIи гьанжеги камилишха. Кулак гьарун гIадамал жанир тIамиялъулги цо гьадинаб жо ракIалда буго дида.
Цо хъулухъалъ Сасикье ун вукIарав дун, сордоги гьениб бан, радал эхеде вачIунев Малачиласул колохъе щун вукIана. Лъарахъа тIаде ГъарцIабалъ байданалде вахунаго, гьений дида данделъана ваччун васгун Асалиса ячIуней Зайнаб (ГIалихъиличил чIужу – авт.). Гьенирго тIаде щвана цадахъ милициялъул лъабго хIалтIухъангун росулъа эхеве вачIунев анкьго кIудияв чиги: ИмамухIамад, Нуцалхан, ГIалистан, Чимчарал МухIамад, цогидал ракIалда гьечIо[337]. Гьезул цогIагияв туснахъалда тIагIинчIо, хвечIо[338]. Анкьго моцI иналде тIад руссун рачIана. Гьел рачIараб заманги ракIалда буго дида. Октябрь, ноябрь моцI букIанин ккола.

[337] ХIадисил Мусаги МухIамадги, Иски, Малачилав, Сайпудин, ГIусман. (Авт.).
[338] Халил мекъи вуго. ЦохIо Нуцалханги, ГIалимухIамадги, Чимчарал МухIамадги гурого гьезул тIад руссинчIо. Нуцалханица туснахъалда чанго моцI бана. Чимчарал МухIамад кIиго нухалъ туснахъ гьавун вукIана, кIиабилеб нухалъ анцIго сонги жаниб бан вачIана.

ГъазимухIамадил Хамисат:

- Эмен туснахъалде ккараб заман дида лъаларо. Эбелалъ бицунаан, баччун мугъалда квенгун, жий чанги щванин Хунзахъе, гьенив жанив тIамун гьев вугеб заманалъ. Цо нухалъ , эменгун цадахъ жанив ккарав Ильясие квен босун вачIунев ХIанапигун, жиндирго эмен МухIамадхание гьеб босун вачIунев Бурашилазул МухIамадгун, Цихалайгун Хунзахъе щварал гьазда бицун буго туснахъалда Бурашил МухIамадхан хванин. ЦIех-рех гьабидал лъан буго гьев Гиничукь хабалалъ вукъун вукIин ва, сардилъ гьениреги ун, бухъун хобгун къватIив вахъун вуго. Буртинаги тIад жемун лъун ватун вуго гьев ракьулъ. Гьалбадерихъеги вачун, чура-хулун, мусруги бан вукъун вуго гьез гьев добго хобалъув. Гьев чурулелъул лъин тIолей жийги йикIанин бицунаан эбелалъ.

Халитил НурмухIамад:

- Колхоз гьабураб сон букIана. Нилъ биччалеб гIужги тIаде щун букIун росдал жамагIаталъ гIолохъаби ритIана Берцинаб тIелбида букIараб гIиязул рехъалъа магъил садакъаялъе хъвезе куйдул рачине. Гьезда гьоркьов вукIана дунги. Нижеца рачIарал куйдул хъуна къулгIаялда гъоркьехун ругел гьоцIабахъ. Гьеб мехалъ гьениве тIаде вачIана ТIиндиса ТупгIали. Гьев гьеб заманаялъ нилъер районалда исполкомлъун вукIанин ккола. Дида гьес гьикъана: «Нужее лъица изну кьураб, нужер хъулухъ щиб садакъаялъе абун гьаб боцIи хъвезе?» - ян. Гьесие жаваб кьун кIалъана ХIадисил Мусаги МухIамадги. Гьез абуна: «Гьаб боцIи буго нижер, нижеца хьихьараб, гьединлъидал нижеца гьалъие нижее бокьараб гьабила!» - ян. ГIемер заман инчIого гьев кIиявго кулак вугин абун жанив тIамизе вачун ана, кинабго гьезул буголъиги хIукуматалъе бахъана.

Тумал Закариясул Зайпулал СагIбидат:

- ТIоцеве Къедисезул селсоветлъун вукIарав Заргьалав, совет хIукуматалъ жив жанив тIамиялъул хIинкъи букIиналъ, гьесул яц Париласул ПатIиматил рос ТIиндиса ТупгIалил кумекалдалъун хъизанги бачун чачаназул Далакове гочула. Гьел рачIиналде гочун гьениб гъоркь букIана нижер хъизанги. Дун гьеб заманалъ гьитIинай гIадан йикIана. Рагъул заманалъги гьелдаса хадувги Заргьалав рокъов вукIана ва, къасабчилъиги гьабун гьелдаса бетIербахъи гьабун вукIунаан. Гьесул вас МаламухIамадги гьенив участковый милицлъун хIалтIулев вукIана. Цо гьезулгун кьалда вукIарав тIиндисес мацIги гьабун кулак вугин абун Заргьалав туснахъ гьавуна ва чанго соналдаса унтун хун вугин абун хабар бачIана. Гьев хвараб ва вукъараб бакIги Казахстаналда буго. МаламухIамадги, кулакасул васин абун, хIалтIудасаги вахъун жанив тIамуна ва 11 сонги лагеразда бан, сах-саламатго рокъове, тIад вуссана. Дун гьесие гьеб мехалъ ана.

ХIадисил Мусал ГIаббасил Марям:

- 1950-абилел сонал рукIана. Дир рос Хуштадаса МухIамадгун ва эмен ГIаббасгун цадахъ, оцазда гьокоги бан, гьениб тIад хъарпуз, гIанкIаби ва цоги хуриса бакIарараб жоги лъун, сардилъ Талилъа рахъун ниж унел рукIана Хасавюрталъул базаралде гьеб бичизе. Шагьаралъул рагIалда туснахъ бугеб бакIалде щвараб мехалъ инсуца гьоко чIезабуна ва, гьенир аскIор жеги риххичIого рукIарал цотIалаял, цоялда хадуб цо гьабун мухъалда рарал минабиги рихьизарун, пашманго абуна: «Гьал ругоха, дир лъимал, дир инсулги гьесул умумузулги рукIарал бакIал, гьаб ракьги, доба Кокрекалдаса байбихьараб гьаниб ГIакъташ лъарахъе щвезегIан гьезухъ букIараб буго, хасало магIарухъа гIи гочинабизе гьез босун букIараб», - ан.
Кулакалин абун ХIадисил Мусаги МухIамадги жанир тIамун ругин рагIидал, гьел кулаказул вас, дир эмен ГIаббас ун вуго вахчизе Талилъе. Гьеб ракьги цебе жидер хъутан букIанин, гьенирги жал бетIергьанал бокьал, рукъзал ва хIалтIухъабиги рукIанин чанги бицунаан гьес. Гьебго жо бицунаан колхозал гIуцIун хадуб хIукуматалъ гьеб ракь жидехъе кьун тIоцере гьенире рачIун рукIарал Хуштадаса кIудиял чагIазги. Гьеб заманалъ нижер хъизаналъул чIейги, магIишат-яшавги Кокрекалда букIун буго.
Эмен рокъоса лъутиги, Къедиб гьесул гIагарлъи хIукумуталъ жаниб тIамиги дида биценалдаса гурони лъаларо, амма ракIалда буго цо заманалъ Кокрекалдеги вачIун, цогидаб къайи-цIагун цадахъ, жемарал ургазда жанирги рахчун, дунги, дидасаги гьитIинай Савдатги оцазул гьакидаги лъун гьес жиндаго цадахъ рачараб куц. Гьедин ккарал руго ниж хуштадисезда гьоркьоре.
Эбелги дида дагь гурони лъаларо. КIудияй эбел гIадин гьейги къиялай йикIун йиго, инсуца хъамун ячарай. ЦIарги гьелда Макка букIана. Бицен буго, цо лъицаялиго херги гьабун, гьел цоцазе рихинарун ругин ва гьедин ратIалъидал, рачIун гьелъул бетIергьабаз, рехун гIисинал нижги тун, гьей ячун Чачаналъеги ун йигин. Цинги, чачанал гочунелъул гьелгун цадахъ ккарай гьей Бухараялда хун йигин. Эмен хвелалдего нижехъе рачIун рукIана гьелъул гIагарав чи вуго абун цо чачанавги гьесул васги. Гьезулги хадуб хабар тIагIана.
Лъил вугев ва щай гьениве вачIаравали лъалел Талилъ рукIарал гIадамаз эмен къватIив чIвазавун гьечIо. Гьеб заманалъ Кокрекалда хутIун рукIун руго гьесул яцал: Паша, Муъминат, ХIалимат ва гьезул эбел къиялай Бадакги. Гьей йикIун йиго дир кIудияв эмен Мусал кIиабилей чIужу. ТIоцеесей - дир эмен ГIаббасил эбел ПатIимат Къедиса йикIана.
Мусаги МухIамадги туснахъ гьарун гIемер заман иналде, рачIун хIукуматалъул чагIаз гьезул бугебщинаб гIи-боцIи, магIишатги бахъун ун буго, рукъзабахъаги къватIире къотIун руго. Кулакасул чIужу йигин абун, гIисинал лъимал рукIиналъухъги балагьичIого, Бадакги жаний тIамизе ячун ун йиго.
ГIемер кватIичIого, инсуца хадувги ун гьелги Талилъе нижеда аскIоре рачун рачIана. Гьаниб, чияр гIадамазда гьоркьоб кIудияб къимат букIана дир инсул. ГIемерал соназ гьес гьазие бегавуллъиги гьабуна, хIукуматалъул цоги-цогидал хIалтIабаздаги вукIана. Къокъабго заманалда жаниб гьесда кIун буго берцинаб магIишат яшав гIуцIизеги, биххун араб гIагарлъи жинда сверун бакIаризеги.
Гьел захIматал соназ нижеда аскIой йикIана гьесул ункъачо ХIадисил ПатIинаги, гьелъул яс Урузмаг ва вас МухIамадбегги. Кокрекалда нижер хъизан бугеб заманалъги, гьелдаса хадуб рагъул соназ ГъазихIма жанив тIамидалги, нижехъе рачIун гьанир чIун рукIана гьесул чIужу Сакинат ва лъимал: ИсмагIил, АмирхIамза, Абусупьян, Хамисат. Цинги тIад руссун Къедире арал гьел, росу гочунелъул гочун чачаназул Веденоре ун руго. Гьениса росу нахъе буссарал 50-абилел соназ ПатIинаги Урузмагги Шаваялде ана ва гьениб гIумру гьабун рукIана.
КIудияв эмен Муса Манасалъул туснахъалда вугин абун гьесие квен-тIех босун гIемер унаан дир эмен. Хадуб хабар бачIана гьев гьенив хванин. Хьихьулел оцазда балагьулев чилъун вукIарав гьев, рагъулел гьел ратIа гьаризе абун гьоркьове лъугьун вуго. Гьедин гьезда гьоркьовги ккун хунги вуго. Гьесул чIужу Бадакие туснахъалда хвезе хъван букIун гьечIо.
Кутакалда якъва-ясарай йорхатай гIадан, тIутIураб ретIелгун, хадуб цIан цо таргьагун нижехъе ячIараб заман ракIалда буго дида. Чорхолъа рухI тIагIиналъ хIатIазда яхъун хьвадизе кIвечIого гIемерисей квераздаги накабаздаги хъурщун унаан гьей. Цинги махIабазде рухI бачIиндал тIаде яхъана ва бацI гIадай лебалай гIадан лъугьана. Гьелдаса хадуб гIемерал соназ чIагоги йикIана.

Таймасханил Мирзахан:

- Дир кIудияв эмен Чимчарал МухIамадил гIадат букIун буго гьоркьо-гьоркьоб черхалда нах бахулеб. ГIолохъанаб мехалъ росулъ гьесул гьудул вукIун вуго Нуцалхан. Гьевги цIакъ къуват бугев лебалав чи вукIун вуго. Гьев кIиявго гьоркьор гIахьаллъулареб хIалтIиги росулъ букIун гьечIо.
1930 сонал рукIун руго. Къедиб колхоз гьабизеян бакIарараб цо данделъиялда Чимчарал МухIамадида цогидаз малъун буго кIалъазеги вахъун абейин колхоз хъахIаб боцIул (гIиял) гьабейин, чIегIераб жибго тейин. Гьеб кIалъай сабаблъун гьев щуго соналъ туснахъ гьавун вуго.
Кулак гьарун хIукуматалъ рачун арал къедисезда гьоркьоса цохIо гьев гурони тIад вуссинчIо. Хвана Аксаялда, вукъунги гьенив вуго.
Аксаялда вугев дир мадугьал – гIандисес бицана жиндир эмен ХIажибегги вукIун вугин гьев МухIамадгун цадахъ Хунзахъ туснахъалда. Гьеб заман букIун буго кIудияв эмен тIоцеве жаниве ккараб. Туснахъалда цо хунзахъев вукIун вуго МухIамад вугеб камералда кIудиявлъун ва гьес загIипал чагIазе цIакъ къварилъиги гьабулеб букIун буго. Гьев гIандисевги вукIун вуго гьес къварид гьавулев. МухIамадица хунзахъев вухун вуго, гьелдалъун гьеб къварилъиги гьесда тIаса ун буго.
ХIажибег цеве виччан вуго туснахъалдаса ва, МухIамад виччалеб заманги лъазабун, данд чIвазе вачIун вуго. Жиндихъго рокъовеги вачун чанго къоялъ хъулухъ гьабун буго гьес МухIамадие. Нахъе унелъул гIарцуца къачIараб кьили-къай лъураб чуги, гьелда цадахъ гьединабго ханжар-рачелги кьун, нухдаги регIун вуго. Гьевгун цадахъ гьеб туснахъалда Къедиса ГIусманги вукIун вуго.
КIиабилеб нухалъ МухIамад туснахъалде ккун вуго тIоцеве жив жанив лъолеб мехалъ вукIарав селсовет вухи сабаблъун. Агъваливе арав гьесда хадувги ун, цIалаца вацIун вугин гьес гьевин бицунаан Халил-гIимачица.
МухIамадица кIиабизе ячарай чIужу - нижер кIудияй эбел цееккун Бурашилазул чиясда йикIун йиго. Гьелъ гьев чиясе гьаюрай яс Меседо йикIун йиго гьеб заманалъ селсоветлъун вукIарав Лабазанил МухIамадида. КIудияй эбелалъ гьелда гьарун буго росасухъа советалъул печать бикъейин. Гьелъ гьеб бикъун буго ва цебеккунго хIадурун букIараб, дир кIудияв инсуе лъикIаб къиматги кьун хIукуматалъул цIаралда хъвараб кагътида чIван буго.
Гьеб иш лъан буго Лабазанил МухIамадида ва, жив туснахъ гьавулин хIинкъизеги гьаюн, Меседо йитIун йиго эбелалда гьаризе гьеб кагъат бихъейин абун. Гьелъги гьеб бихъун буго.
МухIамадица туснахъалда бан буго кинабниги 18 сон. КигIанго гIакъуба-къварилъи бихьаниги, жиндирго сахлъи ва къуват букIиналъ чIаго хутIун вуго гьев. Ракъиялъ цогидал цадахъ ругел холеб заманалъ, жиндие кьураб чадил бутIа гьес, цояб кванан, цогидаб чвантиниб лъолаанила ва тIасияб кванил ригь щвезегIан гьоркьо-гьоркьоб махIги сунтIун цIунун букIунаанила.

Сасикьа Хъараласул АхIмад:

- Кинабго пачалихъалдаго колхозал данде ралеб, бечедал гIадамал кулак гьарулеб мехалъги сасикьезул цогIаги чи кулак гьавичIо. Эбелалъ бицунаан цо къоялъ микьго чи анин милицаз цевеги къотIун Къедиса кулак гьаруразул. Сасикьезул росуго букIанин гьеб къоялъ гьезда балагьизе къватIибе бахъун. Гьел балагьазда гьоркьоре ккечIониги, сасикьезулги 5-6 цIаларав чи тIагIинавуна Совет хIукуматалъ.

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Къедисел Веденор ругеб заманалъ туснахъалда вукIарав Дибирасул Гъайирбег чанго къо базе рокъове виччан вачIун вуго. Гьеб заман лъугIилелде районалъул военкомасулгун дандги бан, лагералде хабар битIун буго Гъайирбег хванин абун.
Гьедин гьев рокъов хутIиялъ рахIат хварав цо мацIихъан вачIун вуго дов военкомасухъе Гъайирбег чIаго вугин бицине. Военкомас гьеб хабар Гъайирбегида бицун буго, амма щив гьев вукIарав рагьун гьечIо. Абун буго, базар къоялъ Веденоб базаралда жив гьесда аскIов эхетилин, гьев дудаго лъазе вугин.
Гьедин лъала Гъайирбегида жинда тIасан мацI гьабун хIукуматалъухъе ун вукIарав чи жиндирго вацгIал вукIараблъи.

ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:

- Заргьалавги вахъун Къедив селсоветлъун Лабазанил МухIамад теялъе квер бакъарав чи вукIун вуго дир эмен. Гьелъие гIиллаги букIун буго гьадинаб.
Гьев Заргьаласулги нилъер Сахрул эмен Шаруханилги яц (ГъецIил) ПатIимат йикIун йиго ТIиндиса ТупгIалида чIужулъ ун. Гьеб заманалъ гьев вукIун вуго ЦIумада районалъул испол комлъун. ЦIакъ чIухIарав, жинда «тIиндадерил хан» ан абизе бегьу лев гIадинав рагIи билълъарав чи вукIанин гьевин бицунаан инсуца.
Гьесулгун дагIбаялда ругез вагъаризавурав 60 тIиндисесул гIарза букIун буго ТупгIалида тIасан хъван бачIун, Агъвалиса гьесул мадугьал, НКВДялъул началникI Гъагъалъа Анварихъ, гьезиеги цо къо бачIизе батилин абун нахъе лъун тарал. ГIемер кватIичIого бачIун буго гьединаб къо.
КъватIиса рокъое щварай ПатIиматида азбаралда бугеб кварида чурараб ретIелги бан ятун йиго гьев Анварил чIужу. «Дун гьабсагIаталъ ретIер чуризехъин йиго, нахъе рахъе дурго гьал тIунклул!» - ан ахIун буго гьелъ ячIинахъего мадугьалалда. «Дуца цебеккунго щай дида гьеб абичIеб, жеги биччун бугеб гьелда дица щиб гьабилеб?» - абун кIалъалей гьейги тун, ПатIиматица бахъунго-бахъун гьелъул ретIел къватI бакьулъ речIчIула.
Гьеб иш сабаблъун ТупгIалилги Анварилги дагIба ккола. Гьанже Анварица ТIиндиса дол гIарзачагIазде хабар битIула, нужер гIарзазул хал гьабизе бугин, гьел цогиги хъвайин абун. Гьедин гIедегIизавурав ТупгIали Къедиве кIанцIула, судалда жиндир рахъ кквезе нугIзал цIехон. Кинго гьеб иш тIаде босулев чи вахъинчIеб мехалъ гьес жиндирго чIужуялъул вац селсовет Заргьаласда кIал гьикъула. Гьеб бакIалда дир инсуца, Лабазанил МухIамадиде кверги битIун, абун буго: «Гьав чи комсомолецги вуго, нижее гьев гIезе вуго селсоветлъун», - ин.
ТIаде рачIарал ва нахъе лъун тун рукIарал гIарзалги кьочIое росун, Анварица ТупгIали жанив тIамула. Суд гьабулеб къоялъ гьесул рахъ ккун нугIлъи гьабизе унев дир инсуда тIиндисез абун буго: «Унге, ГъазимухIамад, мунги лъезе вуго гьез жанив», - ан. «ГьанжелъизегIан гьалмагълъунги вукIун ТупгIалил ракI белъараб жо жакъа дица гьабуларо», - янги абун эмен судалде ун вуго ва гьес гьабураб нугIлъиялъ ТупгIали гьенив бергьун лъугьун вукIун вуго. Гьеб иш инсуца гьабидал, киназдаго рагIизабун ТупгIлица абун буго: «Гьай, ХIусилав, гьединав бахIарчи мун ватилин дун вукIинчIо», - ян. Ахиралда, гIайиб гIунтIизабулезул рахъалъан кIалъазе вахъарав ТIинди росдал селсоветасги цоги чанго чиясги абун буго: «ЛъикI буго гьесда гIайиб гьечIолъиги ва гьес пачалихъалъе пайдаял гIемерал ишал гьарун рукIинги, амма нижедаги гьесдаги гурого лъалареб цоги иш буго гьес гьабураб. Цо нижгун харбида вугеб бакIалда гьес абун букIана: «Лъица щиб бицаниги, бахIарчи вукIун вуго Троцкий, жив чIвазе нодо бакьулъ таманча цузабидалги бер къанщун рагIуларо гьес[339]», - ан.
Гьеб ишги гIайиблъун чIезабун ТупгIалие 2 сон туснахъ къотIун буго. Гьенив хвана гьев.

[339] НКВД-ялъул жасусас Троцкий чIвана 1940 соналъ Мексикаялда. Гьаб харбида жанив рехсолев чи Троцкий ватиларин ккола нижеда.

ГЬИГЬАЛЪА ХIОСЕНИЛ МУХIАМАДИЛ «ХЪАЧАГЪАЗ» КЪЕДИБ КОЛХОЗ БИХХИ

 Зиявдинил ГъазимухIамад:

- Немцазулгун рагъ бугеб заман букIана. Гьаб дир рукъ бугеб бакIалда цере дунгун расандулел рукIарал лъималазул цояс абуна росулъе хъачагъал рачIун ругин. Гьенир дида цадахъ рукIана АхIмахъан, МухIамадсултан ва цогидалги. Хъачагъал рачIунеб рахъалде рекерун арал нижеда данделъарал гьез ниж хIинкъизарун лъутизаруна. Гьигьалъа ХIосенил МухIамадил бетIерлъиялда гъоркь, ярагъ-матахIалъ гIуцIараб гьезул къокъа бачIинахъего колхозалъул искалад жаниб букIараб мажгиталде ана. Гьезда гьоркьов вукIана нилъер МухIамадбегги.
Хъачагъал араб рахъалде унел нижеда данделъана дир вацгIал Сулейманги ГIабдухаликъил ГIабдулатIипги. Гьез абуна колхозалъул магIишат бикьулеб бугин, рилълъайин нилъеего щвараб жо бахъизе. Цо кIудияб квасул таргьаги бехъерхъун дунги дида цадахъ цогидалги щвана мажгиталде. НуцIбиги тIезарун рагьараб гьеб цIун бугоан хIан-нах, тIорщел бикьулел росдал гIадамаз. Цо рахъалда рахъун чIун хъачагъалги ругоан.
Колхоз хун бугин абун гьеб бикьизе тIаделъарал колхозникIазда гьоркьове лъугьарав дие гьениса щвараб жо букIана цо чирахъги, пуруц бухьулеб чIологи, сахI гIанасеб пурчIинаги. ЦIам жаниб букIараб цо кIудияб хьагиниреги раккун гьениса гьеб бахъулев вукIана чанго чи. Цо дангъура цIураб жо гьелъулги щвана дие. Гьебги дица доб пурчIинаялде тIаде бана.
Хъачагъал жеги росулъе щвелалдего, гIалахалда гьезда данде лъун вукIун вуго дир инсул вацгIал, Бурашилазул МухIамадхан. Гьесухъа бахъараб гIалаги рекIун вачIана гьезул бетIер росулъе. Гьеб иш захIмалъарав ва гьев чIван гурого чIеларин абун ярагъги босун къватIиве вахъарав МухIамадхан ЗуралбакIалда аххада данделъун вуго дир эмен Зиявдинида. Жив чIезавизеян цеве лъугьарав гьесда МухIамадханица абун буго: «Дуеги тIагIун батила маххул боркьараб жо», - ян. Гьелъул магIна букIун буго ярагъгун мунги вахъине бегьилаанин живгун цадахъин абураб. Кинго гьев нахъ вуссунареблъи бичIчIарав инсуца гьесухъа туманкI бахъун буго.
Туначол МухIамадил туманкI букIун буго росдал бегавул ГIашикъилазул Абубакарихъ. Хъачагъал чIвазеян къватIиве вахъарав гьесухъаги гьеб гьелгун вукIарав МухIамадбегица бахъун буго.
Къедисезда лъиданиги хIал гьабизе ккечIо колхоз бикьеян яги гьенир гIахьаллъеян. Цере-цереги лъугьун хъачагъаз кьабун хъундагъгун тIезарун рехулел рукIана кIулал, гьеб гьабун бахъинелде, цоял - цояздаса бергьун жанире кIанцIизе хIадурун гIадамалги рукIана.
Росдал клубалъул мина бугеб бакIалда гьеб заманалъ библиотека букIана. Гьелъул кIулалги тIезарун гьениса тIахьал, казияталгицин ана цо-цо гIадамаз. БосичIого гъоркь хутIараб кагъаталъги колхозалъул хъвай-хъвагIаязги нахъисеб къоялъ кансиларалда цебеса бакI хъахIлъун букIана.
Гьеб библиотекаялда жаниб букIана колхозникIазул ракI гъезабизе гьоркьо-гьоркьоб биччалеб патефонги. Кисан щун букIараб лъаларо, гочун Веденоса рачIиндалги гьеб Пирдогъихъ букIана.
Гьеб къоялъ бикьараб ва бикъараб жоялъул щиб-лъица араб хъвай-хъвагIай гьабун букIун буго завсклад ХIайбулацаги, ХIусенил ГъазихIмацаги. Гьелда рекъон нахъисеб къоялъ гьеб нахъеги бакIарана, тамихIги лъиего гьабичIо. Дие щвараб чIологи, чирахъги, цIамги гьеб сияхIалда ккечIеб хIисаб буго - кьеян дихъе чиги вачIинчIо, босун дунги инчIо, гьедин диего хутIана.

Халитил НурмухIамад:

- Немцазулгун рагъ бугеб заманалъ ккана цо гьадинаб иш. Колхозалъул искалад букIана мажгиталда жаниб. Гьениб букIунаан колхозалъул кинабго хIан, нах, тIорщел. Завискаладлъун вукIана Шамайил ХIайбула. Гьеб заманалъ мугIрузда, рохьахъ рахчун хъачагълъи гьабулел рукIана Гьигьалъа ХIосенил МухIамадил бетIерлъиялда гъоркь хъачагъазул цо къокъа. Цо къоялъ Къедиреги рачIун гьез лъазабуна: «Совет хIукуматги немцаздаса къуна, гьел метер-сезе гьаниреги щвезе руго, гьединлъидал нилъеца нужер колхоз биххизе буго ва гьелъул магIишатги бикьизе буго», - ян. ТIезе кIулалги гьарун гьез мажгиталда букIарабщинаб жо щварасе щвараб кьун гIадамазе бикьана.
Гьединго магIардаса гъоркьеги бачун ХIакьхариниб къан букIана колхозалъул гIиял рехъенги. Хадуб гьеб гIи росулъа эхебе бакIарун унаго гIадамаз гьенисаги жидеего щвараб жо кколеб букIана. Хъачагъазги гьеб гьукъулеб букIинчIо.
Дун гьел къояз, бакъул унтиялъги унтун, рокъов вегун вукIана. ГIачимухъдаса эхебе рехъен ун хадуб, дир рукъалда цеве вачIана дирго гIадинаб ригьалъул чи ИсмагIилил ГъазимухIамад. Гьенив къеда тIад гIодовги чIун гьес дида абуна: «Рилълъа хъачагъазухъа нилъерго гIи нахъе бачине, нилъеца данде рехараб боцIи гурищ гьеб, мажгиталда букIараб жоги гIадамаз бакIа-бахарун анин».
Гьес малъараб гьабизе дир сахлъиги букIинчIо, жибго гьеб ишги дие рекIее гIолеб букIинчIо, гьединлъидал дица инкар гьабуна. «Мун хIинкъулев вуго», - ян дидаги абун, гьев Нохъодехун бакIарун араб гIияда хадув ана.
Гьенир гьеб гIигун вукIарав гьевги, Хизри, Иляс ва МухIамадханги рихьун руго БичIукъайидаса гъоркье гьеб къоялъ мухъ - мухъ гьабун рачIарал аскариязда ва гьез кквезеги ккун щуявго туснахъ гьавизе вачун ана[340]. ГъазимухIамад гурев, гьезул нахъе чиги вачIинчIо. Гьеб рехъада вехьлъун вукIарав дир вац Герейхан жанив лъечIого ворчIана хъачагъаз хIал гьабун гIи къотIизе вачун вукIиналъ. Доб мажгиталдаса ун букIараб жоги нахъе бакIарана. Лъица щиб араб хъван букIун буго завискаладас.
..............................................................

[340] Цо биценалда рекъон, ГъазимухIамадида гIунтIизарурал гIайибазул цояб букIун буго гьев гьел «хъачагъазе» квен босун унев вукIанин. Гьезда гьоркьов гьесул вацгIал МухIамадбег вукIана.


КЪЕДИСЕЗУЛ КУЛАЛГИ КЪИЯЛАЗУЛ ЦIОГЬАЛГИ

ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:

- Цебе умумузулги, гьединго дида лъалеб заманалъги, къиялазул рахъалда ругел нилъер гIадамазул кулаздаса гIи бикъулаан гьел къиялаз. Гуржиялъе давлаялде нилъерал унел рукIарабго гIадин, унел рукIун руго гьел гIадамал Къедире боцIи бикъизе. ГIемерисеб гьеб цIогьги гьез гьабулеб букIана Хелекь ругел кулаздаса. Гьединлъидал гIухьбузул рес букIун гьечIо сардилъ рокъоре ине. Унел рукIун руго рогьараб мехалъ - кваназеги, къалъулалде ва къасиялде квен босизеги.
Гьединаб хIал букIиналъ росдал щивав, къватIиве вахъине бажарулевщинав чиясда тIад гьабун букIун буго жиндирго ретIел хьит, квен-тIех, туманкI бугес туманкI, кодобе боси гурони гьечIеб къагIидаялъ кидаго хIадурун чIезабизе. Хелекь ругез ахIиги БичIукъайида тIасан балеб букIун буго. АхIул гьаракь бахъарабго, цоцахъ балагьун чIечIого рахъ-рахъалдаса рагъарун киналго Къиялъехун ралагьун унел рукIун руго ва гьениса гIемерисеб нухалъ бикъун араб бачун яги къиялазул жидерго боцIигун нахъги руссунел рукIун руго.
Цо нухалъ дунго колода вукIунгицин ун букIана гьез нижер гIи.
Нижер кули буго Хелекь бищунго тIарада. Абизе бегьула, гьел къиялаз бикъулеб гIиги гIемерисеб нижер букIанин.
Радал колодаса къватIире дица гьел риччалаго тIаде щварав ХIайбулал Сабигулаца гьений аскIой йикIарай дир эбелалда абуна: «Ункъач, доб чIегIераб гванзкуй гьечIогурищ гьаниб», - ан. Гьесул эбелалъе яцгIал кколаан дир эбел Субайбат. «Вай, рикъана нолъ михъал хIулаяз гIиял!» - ан абуна эбелалъ ва ниж бокьоре балагьизе ана. Нахъаса къедги бичун, лъикIал тIаса рищун 12 куй бикъун батана гьеб сордоялъ. Гьел цIехезе Къиялъе ана дир эмен ва гьесдаго хадув Лабазанил МухIамадги ХъазилмухIамадги.
Инсуца ратизеги гьарун, гьеб цIогь гьабурал гIадамал милициялъ туснахъ гьарун руго. Гьеб ишги гьабун тIад вуссун вачIунев гьев ГьагIмади гьоболлъухъ рештIараб бакIалде рачIун руго жанир тIамуразул цоясул чIужуги гIагарал чагIиги, 300 гъурущ гIарацги босун, рос къватIиве виччаян инсуда гьаризе. Кинго гьев мукIурлъичIеб мехалъ къиялаз хIинкъи кьезе байбихьун буго. Инсул гьобол, къиялав ГьикIаца лъалиниса бахъун ханжарги кодоб ккун: «Дир хъатикь гьалъул цохIо тIагъи хутIидал хъвала нуж гьасда!» - ян жаваб кьун буго гьезие. Инсуцаги абун буго: «Дун метер Рекъав Вашил колоде унев вуго, гьеб нужеца бицунеб жо дие гьабизе доре рачIа», - ян.
Гьедин батIи-батIияб заманалъ нижер гIиял рикъун тIатинарурал 12 къиялав туснахъ гьавуна дир инсуца. ХъазилмухIамадица абулаан, дир инсуцаги Сагитасги гIадин, бахIарчилъиялда гьел цIогьазе жаваб кьолев чи нилъехъ гьезул заманалъ цоги вукIинчIин. ГIемерисеб нухалъ эмен живго унаан бикъараб боцIуда хадув ва, гьебги батизабун, бикъаразе тамихIги гьабун тIадги вуссунаан.
Цо нухалъ, гIигун гьеб колода сордо бан вукIарав дир кIудияв эмен ХIосен ун вукIун вуго Жани Хелекь кули бугев ГIашикъил вац Абубакарихъе хабаралъе. ТIад вуссун жиндирго къайиялде щведал ун батун буго гIи бикъун. АхIун Абубакарги вахъизавун, сордо букIиналъухъги балагьичIого ун руго гьел гьеб цIехезе. Игъадахъ жанире щведал гIи къотIулеб сасги рагIун, гьеб рахъалдехунги балагьизабун туманкI кьвагьун буго Абубакарица. «Абубакар, дуца ниж тIуранго тIагIинейищ гьарилел!?» - ан данде ахIун буго жидеда кьвагьдолев чи щив вугев бичIчIарал къиялаз.
Гьанже хIисаб гьабидал, гьел къиялазул гIи бикъизе рачIинги нилъеразул гьеб бахъизе инги релълъун буго цо кинабалиго къецалда. Гьел жалго мукIураб хабарги буго гьадинаб. Жидерго кулабазда, гIиязул къаябазда ругел чагIи гьез, кагъат хIай ва гьелда релълъарал къецалги жидедаго гьоркьор тIоритIун, къотIи гьабулеб букIун буго къурал къедисезул гIи бикъизе ине.

Нуцалханил ХIасбула:

- Чанав вукIарав Анлъичил ГIабдугъапурида бихьула нижер гIиялъа цо куйги бикъун къиялазул цIогьорас мегIер бахунеб. Хадув арав инсуца гьев ккола ва кумекалъе вачIарав гьитIинав гIолохъанчи Шавалханги цадахъ лъугьун, вухьа-къан росулъе вачун вачIуна. Гьенив, гIадамазул горулъ ракьалда гIодов чIун вугев цIогьорасда цояс мал бала, гьеб бокьичIев инсуца гьесул гьурмалъ хъат бала: «ГьедигIан цIакъав бахIарчи мун гьасда хадув дове магIарде ине кколев вукIана», - янги абун.

Писирханил ГIумар:

- Цо къоялъ Хелекь колода вукIарав Дибирасул МухIамадида лъан буго къаси жиндир гIи бикъизе къиялазул цIогьал рачIине рукIин. Бакъанида колодаса нахъе унеб ххвелги гьабун, гьев вахчун чIун вуго. ЦIогьалги ругьунаб, МухIамадидаги лъалеб нух букIун батилаха, гъоркьчIел гьабун буго гIиялбокьоб жаниб пандуялда цебе.
Цо заманалъ рачIун щварал къиялаз цебе лъураб жоги бахъун гьеб рагьун буго. Хъурщун гурого чи ине рес гьечIеб гьеб картIида нахъа кодоб нусги ккун вукIарав МухIамадица, бокьобе баккарабго гьезул цоясул бетIер жиндирго кьандибе ккезабун буго ва къотIун гIингун нахъеги биччан буго.
МухIамадихъ гIинги тун ворчIарав гьевги, гьесул чIичIий бахъарабго тIурун арал цогидалги къиялал сас-махI тун цереса тIагIун руго.
Нахъисеб къоялъ мадугьал МухIамадханихъе щварав МухIамадица, цIогьазул хабар гьес баккарабго хIикмалъизе гьевги гьавун гIин цебе рехула ва: «Нолъ дихъеги рачIун рукIанаха», - ян абула.

КЪЕДИСЕЛ НЕМЦАЗУЛГУН РАГЪДА

 Зиявдинил Хайрула:

- Цо-цо нилъер гIадамаз нижеда гIайиб чIвала жидер умумул рагъде ун тIагIанин, нужерал рахчун-хьван нахъе хутIанин. Дицаги абула гьезги хьвай гьабурабани, гьелги хутIилаанин. ВухIизе вукIинги лъалеб букIун цIодорав чи цIадаве унищ?
Рагъ багъарараб соналъ Халитил НурмухIамадги дир эменги хъутаде ун рукIана. ГIемер кватIичIого гьел магIарухъе ритIун руго армиялде инеян. Амма гьел рокъоре щвана 2-3 моцIидасан. Гьеб заманалде ритIулел чагIиги ритIун лъугIун рукIана.
Гьеб кватIи сабаблъун гьел, къваригIани, хадусеб иргаялъ ритIизеян тана. КъваригIичIеб хIисаб буго - гьезде иргаги щвечIо, рагъги гьел гьечIого лъугIана.

Насрудинил Писирхан:

- Немцазулгун букIараб рагъде эмен унеб мехалъ дун 6-7 сон барав чи вукIана. Гьеб къоялъ радал гIазу бан батана, гIисинккун балебги букIана. ХIатIида гIицIго, гIодилаго ана дун инсуда хадув ГIарашбакIалде щвезегIан. Эменгун цадахъ гьеб къоялъ рагъде ана ГIалисултанил ГIалихъилич, КушкIандил ГIалил Исрап, Ибахъил ГIиса, ИмангIалил Геха, Анлъичил ГIабдухабир - цогидал дида ракIалда гьечIо. Гьел ругеб армияги рагъ лъугIизегIан Владивостокалда букIанин бицуна.

ГIисал МухIамадил ХIайдарбег:

- Цоясда Шамил, цогидасда Айгум абун цIар бугев кIиго вац тIагIана дир инсул гьеб рагъулъ. 1939 соналъ АмирхIамзал Сурхайил Аслахангун цадахъ армиялде ун вукIун вуго Шамил. Гьесул ахирисеб кагътида хъван букIанин абула жал рокъоре риччан рачIунел Ленинградалъул вокзалалда чIун ругин, армиялде тIад руссинарулеб гIадаб хабарги бугин абун. «КIиго бугъа буго багъизе къачIан бухъардилеб, гьезул кинаб бергьунеб, кинаб къолебги лъаларо», - янги букIун буго гьелда хъван. Гьелъул магIнаги буго рагъ ккезе букIин гьезда бичIчIун букIин, амма гьеб гьедин букIин бицине бегьичIого хъварал рагIабиги гьел рукIин. Финазулгун букIараб рагъулъги гIахьаллъун вуго гьев. Айгум армиялде ун вуго рагъ байбихьун хадув, 37 сон гIумруялъул бугев чи. Ахирисеб нухалъ гьев вихьун вуго дир эбелалъул яц Майсуратида Моздокалда, цо лъукъарал солдатазул къокъаялда гьоркьов. Хадуйги екерун: «Айгум, мун киве?!» - ян гьелъ ахIидал, унеб рахъалде килищ битIун буго бинтаз вухьа-къарав гьес, щибго жо гьалдаги абун гьечIо.
Гьеб заманалъ нилъер гIадамал гьениреги, Назраналдеги хIалтIи цIехон унел рукIун руго. Гьезда цадахъ щун йикIун йиго Майсуратги.

Писирханил МухIамаднаби:

- Рагъда цересел соназ Сурхайил Аслахангун цадахъ армиялде ун вукIарав дир кIудияв инсул вацгIал ГIисал ахирисеб кагъат бачIун буго гьеб рагъул тIоцебесеб соналъ Латвиялдаса: «Дида тIаса лъугьа, радал ниж гьужумалъ ине ккола», - ян хъвараб.
Цадахъ рукIарал чIумалги гьенир цо гъотIода дализарун тун ун вуго гьев гьеб ахираб гьужумалъ ва гьенив чIван вуго. ГIинтIи гIадал багIарал кIаркьабазул, берцинав, «ГIисаги росулъ вукIун божилъи гьабизе цоги чийищ цIехезе кколев?» - ан жиндир хIакъалъулъ абулев, цIакъ гIодове виччарав, вали гIадав чи вукIанин гьевин буго бицен.

1939-1945 СОНАЗ БУКIАРАБ КIИАБИЛЕБ ДУНЯЛАЛЪУЛ РАГЪДА ГIАХЬАЛЛЪАРАЛ КЪЕДИСЕЛ[341]

1. ГIалисултанов ГIалихъилич.
Был призван в январе 1942 года Агвалинским РВК. Спер ва служил в кавалерийском полку, позже – пулеметчиком в стрелковой роте. Участвовал в боях на Дальнем Востоке, Курской дуге, в освобождении Смоленска, Харькова, Чехословакии, Румынии и Болгарии. Награжден пятью медалями и орденами Советского союза.

2. ГIаличуев МухIамад.
 
3. ГIамиргIалиев ЖабрагIил.
1915 года рождения. Призван в 1942 году Агвалинским РВК. Служил в стрелковой роте. Был снайпером. Участвовал в освобождении Киева, Харькова и Москвы. Награжден тремя боевыми орденами и медалями Советского Союза.

4. Анлъичев ГIабдухабир.
1916 года рождения. Был призван в 1942 году Агвалинским РВК. Служил в кавалерийском полку во Владивостоке и в Хабаровске. Участвовал в освобождении Киева, Харькова и Смоленска. Награжден пятью боевыми орденами и медалями Советского Союза.

5. АхIмадханов Геха.
1907 (1896) года рождения. Родом из: Кеди Цумадинского района. Призван Цумадинским районным военным комиссариатом в 1942. Рядовой. Умер 18.11.1980 году. Похоронен в селе Аджидада.
 
6. Гъазиев Гьимат.
7. ГъазимухIамадов АхIмад.
8. ХIамзалов ГьитIинав.   
9. ГьитIичев МагIаз.
10. Даитов МикагIил.
11. Даитов МуртазагIали.
12. ДибирхIажиев Башир.
 
13. Дибиров ГIалидибир.
1903 /1920/ года рождения. Служил в кавалерийском полку на Дальнем Востоке, в Хабаровске, вблизи озера Ханка. Участвовал в освобождении Харькова, Смоленска и Курска. Награжден тремя орденами и медалями Советского Союза. Умер в 1992 году. Похоронен в селе Аджидада.
 
14. Дибиров Гъайирбег.
1907 года рождения. Был призван Агвалинским РВК. Служил в Кавалерийском полку, позднее в стрелковой роте. Сражался с фашистскими захватчиками в Киеве, Харько ве, Смоленске и Курске. Позже участвовал в освобождении Польши и Румынии. Награжден пятью орденами и медалями Советского Союза. Магомедов Иса. Участник ВОВ.
 
15. Дибиров Дибир.

16. Дибиров СагIадула.
1910 года рождения. Родом из: Кеди Цумадинского района. Призван Цумадинским районным военным комиссариатом в 1942. Рядовой. Пропал без вести в апреле 1944

17. Загьралов Ибрагьим.
18. Ибахъов ГIиса.
19. Ибахъов Чупалав.
20. ИбнухIажаров Башир.
21. ГIинхилов МухIамад.

22. ГIисаев Айгум.


23. ГIисаев ГIиса ГIалиевич.

24. ГIисаев Шамил.
Год рождения 1918. Призван в Красную армию в 1939 году. Служил в русско финской войне, а потом сразу в ВОВ. Погиб в 1942 году. Похоронен в братской могиле в Латвии.
 
25. Искандеров Нурула.
 
26. КIушкIандиев Исрапил.
1908 года рождения. Служил в кавалерийском полку во Владивостоке и в Хабаровске. Участвовал в освобождении Киева, Харькова, Смоленска и Курска. Награжден пятью боевыми орденами и медалями Советского Союза.
 
27. КIушкIандиев МуртазагIали.
28. Лабазанов ГIабдулкъадир.
29. Лабазанов Дибир.
30. Лабазанов МухIамад.
31. Лабазанов ХIабибула.
32. МухIамадов ГIиса.
33. МухIамадов МухIамадзакир.
34. МухIамадов СагIит.
35. МухIамадов Сиражудин.
36. Малачев ХIасан.
37. Малачев ХIусен.
38. МикагIилов Пирбудагъ.
39. МуртазагIалиев ТIагьир.
40. МуртазагIалиев ТIуип.
41. МуртазагIалиев Шагьид.
 
42. ГIумаров Наби.
1905 года рождения. Служил в разведроте в Керчи, Новороссийске, Одессе, Севастополе. Участник освобождения Москвы и Ленинграда. Награжден девятью боевыми медалями и орденами Советского Союза.

43. ГIумаров Насрудин.
Родом из селения Кеди. 1906 года рождения. Умер в 1979 году 29 декабря.
44. Сурхаев Аслахан.
45. Халитов МухIамад.
46. Юсупов МухIамад.

[341] Рагъул гIахьалчагIазул х1акъалъулъ баянал ралагьана Туначилазул ГIабдулал Русланица.

РАГЪДАСА ТIАД РУССИНЧIЕЛ КЪЕДИСЕЛ:

1) ГIаличуев МухIамад, 1914 соналъ гьавурав. Мухъилав рагъухъан 58 сп, 52 сд. Араб бакI лъачIого тIагIана 1941 соналъул 15 сентябралъ Мурманск областалда.
2) Гъазиев Гьимат ГъазимухIа мадович, 1919 (1920) соналъ гьавурав. Армиялде ана 1940 с. КIудияв сержант. Рагъулъ чIвана 1943 соналъул 21 сен тябралъ Чернигов шагьаралда.
3) ХIамзалов ГьитIинав, 1898 со налъ гьавурав. Рагъде ана 1942 с. Араб бакI лъачIого тIагIана 1943 соналъул март моцIалъ.
4) Дибиров СагIадула, 1910 соналъ гьавурав. Рагъде ана 1942 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1944 с. апрель моцIалъ.
5) Загьралов Ибрагьим, 1919 соналъ гьавурав. Рагъде ана 1942 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Рагъулъ чIвана 1945 с. 20 январалъ.
6) Ибахъов Чупалав, 1910 соналъ гьавурав. Рагъде ана 1942 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1942 с. март моцIалъ.
7) ГIисаев Айгум, 1909 соналъ гьавурав. Мухъилав рагъухъан. Новороссийскиялда рукIарал рагъазулъ лъукъана. ВукIун вуго Масхоно росулъ букIараб ХПГГ-5199 полевой госпиталалде ва гьенив хун вуго. Вукъун вуго гьебго росулъ бугеб рагъухъабазул вацлъиялъулаб хабалалъ. 
8) ГIисаев Шамил, 1918 соналъ гьавурав. Армиялде ана 1939 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Рагъулъ чIвана 1942 с. июнь моцIалъ. Вукъун вуго Латвиялъул Солдуский районалъул Ануцец росулъ, вацлъиялъул хабалалъ.
9) Искъандеров Нурула, 1918 соналъ гьавурав. Мухъилав рагъухъан 9 сбр. Араб бакI лъачIого тIагIана 1942 с. 3 сентябралъ Моздок шагьаралда аскIов.
10) ГIихнилов МухIамад, 1900 соналъ гьавурав. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1943 с. март моцIалъ.
11) Лабазанов ГIабдулкъадир, 1907 соналъ гьавурав. Армиялде ана 1940 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1941 с. октябрь моцIалъ.
12) Лабазанов ХIайбула, 1910 соналъ гьавурав. Армиялде ана 1940 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1943 с. март моцIалъ.
13) МухIамадов СагIит, 1919 соналъ гьавурав. Армиялде ана 1940 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1941 с. октябрь моцIалъ.
14) МухIамадов Сиражудин, 1918 соналъ гьавурав. Армиялде ана 1940 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1941 с. июнь моцIалъ.
15) Малачев ХIасан, 1907 соналъ гьавурав. Рагъде ана 1942 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1943 с. март моцIалъ.
16) МуртазагIалиев ТIагьир, 1912 соналъ гьавурав. Туапсеялъул дандечIеялъул районалъул мухъилав рагъухъан. Ругъназдасан хвана 1943 с. 27 сентябралъ (28 ноябрь), ППГ-599. Вукъун вуго Краснодар краялъул Солоник росулъ.
17) Юсупов МухIамад, 1910 соналъ гьавурав. Рагъде ана 1943 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Араб бакI лъачIого тIагIана 1944 с. октябрь моцIалъ.
18) Сурхаев Аслахан, 1918 соналъ гьавурав. Армиялде ана 1939 соналъ. Мухъилав рагъухъан. Ахирисеб кагъат бачIана Ленинград областалдаса. Араб бакI лъачIого тIагIана.
19) ГIисаев ГIиса.
20) Лабазанов Дибир.
21) ИбнухIажаров Башир.
22) ДибирхIажиев Башир.


1941 соналъул хаслихъе Москваялде рорчIизе къеркьолел немцазул аскарал щвана Тверь областалъул Ржев шагьаралде. ГIемерал камиял кканиги советиял аскаразда кIвана гьел гьенир чIезаризе. Амма гьениб немцаз гьел аскаразул кIудияб къокъа сверун ккуна ва къокъаб заманалда жаниб, цоял чIван, цогидал кверде росун, лъугIизабуна. Гьеб бакIалда рагъда немцаз сверун ккуразда гьоркьов вукIун вуго Къедиса АхIмадханил Гехаги.

Нуцалханил Исламил ГIалиасхIаб:

- Гехаца бицунаан, немцаз сверун ккураб, байбихьуда нус нус азар чи вукIараб жидер аскаралъул нахъе хутIарал къокъаби ахиралда цо хьуцIал ругеб бакIалде руссанин. Гьениса къватIире рорчIизе гьечIеблъиги бичIчIун, чIаго хутIани, немцазухъе кверде ине хIадурлъулел кIуди-кIудиял чиназул апицерзабаз жидергоги тIаса бахъун мухъилал рагъухъабазул букIанин ретIел ретIунеб. Гьеб заманалъ жив вукIанин бохалда гуллаги щун, гьебги гьорон. Жидер гьел командираз гьабизехъин бугеб жоги жиндие рекIее гIолеб букIинчIин.
Гьединаб хIалалда рукIадго цо къоялъ жинда батанин бахъун гIодобе рехараб цо гинараласул ретIел. Жинца гьеб тIад ретIанин ва байбихьанин рагъухъабазе амру гьабизе.
Унго-унгояв гинарал вугин ккарал гьез хьвадизе кIоларев жив носилкабаздаги лъунин. Гьедин жинда сверун ракIарарал ва цо рахъалде ралагьун цере рагъарарал рагъухъабазул кIудияб къокъаялда кIванин гIемер камиялги ккечIого немцазул горсвериялдаса рорчIизе.
Гьеб гьунаралъухъ Гехае кьун букIун буго кIудияб даражаялъул цо орден, гьесул хIакъалъулъ хъван букIун буго доб заманалъул казиятазда ва аскаразда гьоркьоб тIибитIизабун букIун буго гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бицараб гьитIинаб тIехь.
Гьелдаса хадуб Орел шагьаралда гIагарда рукIарал рагъазулъ Гехаги гьевгун цадахъ 11 чиги немцазухъе асирлъуде ккола. Асир лъуда вугеб заманалъ жинца анцIгогIаги концлагер хисанин бицу наан гьес.
Кверзул махщел бугев вукIиналъ батIи-батIиял тIагIелал гьаризе тIадкъаял рачIунаанила гьесухъе. Гьелъ хвечIого хутIарав гьев ахир къадги цо иргадулаб лагералде унаго нухдаса лъутун ворчIун вуго.
Гьедин гьев ккола Паранциялде, гьениса – Канадаялде, хадув – Америкаялде. Гьенив Сан-Паранциско абулеб шагьаралъул ралъдал порталда хIалтIула чанго соналъ.
Китаялдаса гьенибе бачIараб цо гамида цIа бакулев чилъунги лъугьун, щола Шанхаялде ва гIемераб гIакъубаги бихьун бахуна СССРалъулги Китаялъулги гIорхъи, гьедин рокъовеги вачIуна.
Совет хIукуматалъ Геха лъазавун вукIана араб бакI лъачIого тIагIаравлъун. Рокъове вачIиндал гьев ккуна ва, асирлъиялъул гIайибги гIунтIизабун, киналго шапакъатаздаса махIрумги гьавун, лагеразде витIана. Гьениса тIад вуссун хадув магIарухъ Къедив гIумру гьабун вукIана, цинги 1970 соназ ХIажидадаялде гочана, гьенив хвана ва вукъунги гьенив вуго.

ГIисал МухIамадил ХIайдарбег:

- 1941-1945 соназ КIудияб ВатIанияб рагъде Къедиса ун вуго 46 чи, гьединго щуго чи гочун Чачаналъ рукIаразулги ун вуго. Гьеб байбихьилелде 4-5 лъимал жидер ругелги ана цо-цоял. КIи-кIи вац цадахъ цо рокъоса аралги рукIана. Гьедин арал рагъдаса руссинчIо Дибирасулазулги, Шамилилазулги, Даитилазулги кIи-кIи гIолохъанчи.
ГIисал Шамилил Айгум, 1909 соналъ гьавурав, 1943 соналъ гIахьаллъана Новороссийск шагьаралда ккарал «Августалъул ичI го къо» абун тарихалда цIар арал рагъазулъ. Гьенир Совет аскаразде тIаде немцаз рехулел рукIун руго 1000 -1300 кг. бакIлъи бугелги ави абомбаби. Гьеб рагъулъ захIматаб ругъунги щун Новороссийскиял даса анцIго км. рикIкIад бугеб Масхоно росулъ букIараб «Хирург» полевой госпиталалде (ХПГГ-5199) ккун вуго Айгум ва гьенив хун вуго. Вукъун вуго гьебго росулъ бугеб рагъухъабазул вацлъиялъулал хабалалъ. Гьеб бакIалда бан буго кIудияб момериалияб комплексги.
ГIисал Шамилил Шамил. 1918 соналъ гьавурав. 1939-1944 соназ рагъулаб хъулухъалда вукIана Латвиялда. 1941 соналъ гьес битIун кагъат бачIун буго, лъаларин, эмен, щиб ккезе бугеб, нижехъ поездалда билеталги рукIанин, амма ниж нахъ руссинарунин. «КIиго бугъа буго цоцалъ бухъардулеб, цояб гурони дунялалда букIине кколарин абун»,- гьадин хъван букIун буго Шамилица. КIиго пачалихъ бугин багъизе къачIанин абураб магIна букIун буго гьел рагIабазул.
Шамил кив кин хвараб лъалеб гьечIо, амма хоб батана Латвиялъул Солдуский районалъул Януцау росулъ, вацлъиялъул хабалалъ. Гьениб памятникги бан буго хваразул цIарал тIад хъвараб. Шамилил сурат инсухъе щвана 1942 соналъ гьевгун цадахъ рагъда вукIарав Акнадаса ХIамзатил АхIмадихъа. Гьес бицун буго жал цо нухалъ ратIалъанин ва тIокIал данделъичIин.
Байбихьудаго гьеб рагъулъ ккарал рукIана гьевги, Сурхайил Аслаханги, ГI. МухIамад ва Г. Гьиматги. Аслаханги Шамилги Финляндиялъулгун букIараб рагъулъги гIахьаллъун ратизе кколин абулаана дир инсуца.

СагIадулал МикагIил:

- Немцазулгун букIараб рагъде ахIидал гьенире инчIого хутIизе гIоло рахъ-рахъалдеги лъутун рахчун чIаразул хъизан-агьлуги лъикI букIана, хIукуматалъ гьезие щибго къварилъиги гьабичIо, амма рагъде аразул лъималги бесдал хутIана, гьезул руччабазда бихьичIеб, гьез чIамичIеб гIазабги хутIичIо. Диргоги эмен ва инсул вац Гъайирбег рагъулъ гIахьаллъана. Эмен гьенив тIагIана, Гъайирбег тIад вуссана - гIемераб къварилъиги бихьун дунялги сверун.
Немцазухъ асирлъун ккарав гьев американаз эркен гьавун паранцузазухъе кьун вуго, паранцузаз турказухъе кьун, гьез нилъеразухъе, нилъераз хIалтIул лагералде витIун, гьениб лъагIелги бан вачIана рокъове, чанго къоялдаса гьеб лагералде тIад вуссине къотIигун. Гьеб заманалъ нижер хъизан Чачаналъ Мартаналда букIана. ТIад вуссун ине гьев течIо, нижер АсхIадула имгIалас НКВДялъул началникIасулгунги рекъезабун. Гьес абулаан жинца гьесие гIандадерил лъикIаб тайпаялъул буртина кьунин.
Гьев началникIас Гъайирбег вукIараб лагералде кагъат битIун буго гьав чи жиндие гьанив къваригIун вугин абун. Гьелдаса хадуб гьес жиндихъеги ахIун Гъайирбегихъе ярагъ кьуна ва гьевги, гьевгун цадахъ дов ПаранкIилазул ГIабдурахIимги цо чачанавги рукIана «истребителал» абун цIарги лъун, рохьахъ, мугIрузда рахчун чIарал чачаналги, цоги нилъер рагъдаса лъутарал рукIа, рахчарал рукIа гIадамалги, гъачагъалги цIехолел, ругеб бакI лъазабун, гьел кквезе НКВДялъе кумек гьабулел. Гьедин ккурал чачанал жидерго гочараб гIагарлъиялда хадур ритIулаан, хутIарал - тамихI гьабизе кколезе тамихI гьабун, кколарел - рокъоре, жидерго хъизаназде тIад руссинарулаан.

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Гьеб рагъул заманалъ магIаруллъиялдасаго ракIарун, чIахIи ялги гIисиналги гIемерав чи ун вукIана авлахъалде вачун, танка базде данде хандакъал рухъизе. Гьедин ун рукIарал Бурашилазул Аслудин ва Хъазил МухIамад гьенисаги лъутун, рахчун-кьерун рачIун, цо гIазул гъалай балеб сардилъ щун руго Къедире.
Радал хекко тIаде яхъун йикIарай дир эбел Сакинатида ратун руго гIаздада гьезул лъалкIал. Босун цIилицIгун гьелъ гьел гьезул рагьабазде щвезегIан лъухьун хвезарун руго.
Амма эбелалда ратилелде гьел цогидаздаги рихьун рукIун руго.
Гьелдасаги хекко яхъун цо къедисей ячIун йиго Аслудинил эбел ГIашурахъе: «Аслудингийищ нолъ вачIарав?» - абун сихIираб хабарги бицун. Гьей нахъе индал ГIашураца васасда абун буго мун вачIараблъи цоги лъиданиги лъан гьечIин цо пуланалда гурониян. Дой пуланайги щун йиго селсовет Лабазанил МухIамадихъе, нолъ ХъазилмухIамадги Аслудинги рачIун ругин рокъорейин бицине.
Лабазанил МухIамадица гьелда абун буго: «Гьеб хабарги босун ячIаралъухъ дица дуе багIараб дарайдул горде гьабила», - ян. Радал гIадамал рагъарилелде гьев кIиясгоги, ХъазилмухIамадил чIужу, дир эбелалъул яц ПатIиматицаги ГьетIа-кIичIалъа тIаде мегIер бахун буго. Гьеб къагIидаялъ гьел ун руго рахчизе Къиялъе ва гьедин жанир тIамичIогоги хутIун руго.

ЧАЧАНАЛ ГОЧИЗАРИ

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Чачанал гочизарураб яги гьел гочилелде цебесеб соналъул хаслихъе гIемераб Совет аскар бачIана Къиялъа жанибе Къедибе. Гьез цадахъ ракIарун рачIарал гIиял рехъабаз, абизе бегьула, нилъер мегъ, гIалах цIун букIанин. БухIодаса тIаде цебесеб кIал бахунаго гьеб рехъадул ахир жеги РицIцIалъго букIанин абула.
Нилъехъ ругел къояз гьез хъаравуллъи лъун букIана гьанже ГIабдухабирил рукъ бугеб бакIалдаги, ХIаждал ххаринибги, ГъвалагъонтIаги, Хелекьщобилъги. Дунги дир гIелалъул гIисинал лъималги унаан гьенир рукIарал гIурус солдатазда аскIоре. Гьез нижер къохьол тIаргъал торгIоялъул бакIалда цоцахъе кьабулаан, ниж гугаризе, кIанцIизе риччалаан.
Гьанже школа бугеб бакIалда цебе, лъарал рагIалда, къулгIадул хьибилалда букIана кIиго кIудияб гамачI, гьоркьосанги биччан гIи рикIкIине рекъезарурал. Гьезда гьоркьосаги биччан рикIкIунеб букIана солдатаз къиялазул гIи. Гьенив аскIов, жеги гьитIинав чи дунги вукIана.
Ракьалда цулеб кIудияб рачIчIалъул кутакаб чIегIераб куй букIана гIи рикIкIунеб бакIалда аскIобе щун. Гьенив вукIарав цо солдатас гьеб ккуна. ГIи къотIулев вукIарав вехь къиялав, «Гьаб дир буго», - янги абулаго, гьеб гьесухъа бахъизе лъугьана. Солдатас каранлъ хъундагъги тункун гьев гIодов ккезавуна ва гьеб бакIалдаго габуралда нусги чIван куй хьагиниб рехизе босун ана.
Нилъехъ ругел къояз гIемераб гIи хъуна гьез къиялазул. Росу рагIалда кIудиял хьагалги лъун, гьезда гъоркь цIаги бакун белъулеб букIана гьан. ТIасан тIомги бахъун, тIубанго къулагIиги рехулаан хьагинибе. Нилъер бакIалдаса нахъеги гьел къиялазул рахъалдасан ана, цадахъ гIиги ана. Хьагал лъун рукIараб сверухълъи хъахIлъун букIана гьез гIодобе бан тараб тIатIиялъ – жидецагоги кваначIого, нилъер гIадамазги, капурзабаз хъураб боцIул бугин абун, нахъе босичIого.
Цинги 1944 соналъул ихдал чачанал жидерго ракьалдаса гочинаризе байбихьидал, хIукуматалъ ритIун къедисезул гIолохъаби ана Къиялъе гьезие кумекалъе.
Гьел гьениса рачIана цо чIахIиял гьабиги рачун. ГIелбащадал лъималгун цадахъ гьел гьабзазда ганчIал речIизе унаан дун. Гьел гIолохъабазул цо-цоязул цIаралги ракIалда руго. ХIанапи, Гъазиясул ХIажи, Пирбудагъ, Мажидилал ва цоги чанго чиги. Гьез бицана ГьагIмадир рукIанила жал. Гьенив вукIарав дир гIагарав чи къиялав ХIасица гьаранила жидеда, жал гочинаричIогоги толел гьечIин, гьай жиндир яс ячейин нужер цоясе ва гьаб магIишаталда тIад хважаинлъиги гьабейин, гурони гьеб кинабго пана-пасалъизе бугин.
Гьес гьарараб гьабизе гьалги хIинкъун руго, киналго чачаналго гIадин гочун гьевги, Ланжу ва лъимал-хъизанги Хъасахъстаналде ун, гьезул гIумруялъ гьабураб магIишат-яшавги гьородахъ ун буго.

1944 СОН:
КЪЕДИСЕЛ ГОЧИНАРИ, РОСУ БИХХИ

Ассалам гIалайкум,
ГIин тIамун бихье,
Росу гочаразул
Къиса бицинин.
 
ГIолохъаби чIолеб
ЧIарбил годекIан
ЧIобого хутIана,
ЧIахIиде буссун.

Ясаз лъим баччулеб
ЧIухIараб къулгIа,
Къуркъбуз ханлъи гьабун,
Хен рекIун буго.

Мажгиталъул чIалца
ЧIегIер бан буго
ЧIахIиял чагIаца
Росу тедалго.

ЧIвадназде буссараб
ЧIунтараб росулъ
Макказ буго гьанже
Гъур-гъур бачунеб.

ГIиял рехъабаца
МугIрул рехидал
МичIчIиде руссана
ГIиял къаяби.

Къедисел гочидал
Гьезул магIишат
ЧIухIдае биххана
Намус гьечIеца.

Росулъго берцинал
ЧIахIиял цагърал
Цоцахъ рахъун ана
ЦIогьол чагIаца.

ГIисал Багьавдин. 1944 с.

 «1944 соналъул 9 мар талъ, Совет хIукуматалъул ва гьелъул рагьдателазул хIилла бергьун, нилъер умумул рахъи наруна жидерго рукъзабахъа къватIире ва нус-нус соназ гIуцIараб росуги рехун тун гочинаруна чияр ракьалде. Гьедин биххана Къеди, къа дазул гамачI гурого нахъе жо течIого, бацIаз чахъу кинигин, бахъ-бахъун рахъ-рахъалде баччун ана гьеб. Гьелдаса нахъе гIе мерал сонал ана, амма гьеб къоялъ риххарал нилъ жеги риххунго руго, гьеб къоялъ чIунтараб росдал доб чIвадназде буссараб авал ги жеги чIунтунго буго[342]».

 [342] 2018 сон. «КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб хIаракаталъул гIахьалчагIазул хитIаб.

Насрудинил Писирхан:

- Къедисел Чачаналъе гочинарураб 1944 соналъул ихдал гьитIинав ЖахIпарги, ГIумарги, ЗулхIижатги тIогьилаб унтиялъ унтун регун рукIана. Эмен рагъда вукIана. Унтарал лъималги кIудияй эбелалда аскIор тун, балугълъиялъул гIужде вахарав дунги вачун яхъана эбел цогидал къедиселгун цадахъ сапаралде. ЧIезе бихьизабун букIана чачаназул Ведено росу.
Рижараб росу тун рахъине гIадамазул гъира бачIине гIоло хIукуматалъ рицунел рукIарал маргьабазда релълъараб жоги Ведено батичIого, нижги, цоги 5- 6 хъизанги тIад руссун Къедире рачIана.
Ниж тIаде щвелалде чIван гIорхъабигун 7-8 росдал колхозазда гьоркьоб бикьун батана кинабго росдал ракь. Росуги гьеб заманалде цебе-цебеса биххизе байбихьун букIана. Рокъоса рокъоре хьвадун, бокьоса-бокьоре раккун, мадараб цIехон бахъулеб букIана «цIиял хважаинзабаз» росдал тIохаздаса рихьи-цIул. Щибаб хъизаналъул рукIарал цагъралги раччун ана, росулъа рикIкIад рукIиналъухъ балагьичIого, мугIрузда, гIалахазда ругелгицин кулалги риххана.
ГIемерал хIамулги кьолон, гьезул читIирги гьабун ана цо къоялъ цо гIадамал Чалахоре ва, биххун Чинчарал кулигун, рохьоса гIадин цIулал хIамулги цIун нахъеги рачIана. Кьо базе къваригIарасги гьедин ана, мина къачIалесги гьедин гьабуна. Къокъабго заманалда жаниб цохIо нижерги, нижгун цадахъ Веденоса тIад буссараб чанго хъизаналъулги гурони тIох лъураб бакI росулъ хутIичIо.
Рачун хIукуматалъул чагIиги аскIор чIезарун, жанир ниж рукIагоги хIал бихьана гьез нижерги мина-милк биххизе. «Цин тIала биххе – на жибго тIагIуна», - ян абун бугин гьезин букIана бицен.
Беразда канлъиги бихьуларев херав чи вукIана Исрапилил эмен ГIали гьеб заманалъ. ГьитIинав Загъалдибир вукIунаан гьесда аскIов гьесие хъулухъги гьабун. Агъвалиса районалъул прокурорги ахIун лъугьун вуго цояв гьесул рукъалдаса чIалаби рахъизе. Гьенив вегун вукIарав ГIалица Загъалдибирасда абун буго: «Гьанив дида кквезавецин гьев чи, дица гьабила гьесие!» - ян. НатIалъ халатаб квералъ гIебаб ханжар букIунаан гьесухъ кидаго борчун.
Къедисезул чанго хъизан Къедиб хутIи бадиб къараб кьо гIадин рихун букIана гьезие ва гIемер хIал бихьана ниж гьениса нахъе инаризе, бекьизе, бецизе ракь кьоларого, боцIи хьихьизе толарого. Жиб-жиб гIалахалда лъаб-лъаб къо букIана нижер боцIуе кваназе бихьизабун. Ункъабилеб къоялъги цо бакIалде ани, хадур гьабиги гъун хъамун росулъе рачIунаан гьел.
Колхозалдеги росичIого, колхозчагIазе гурони ракь кколарин абун чIезарун рукIана чанго соналъ. Нижго гIадин гочичIого Гьакъой хутIарай Гьакъоса ЧIегIерай Чакарие, цее тIурай, лебалай хIалтIухъан йигин абун, Къедиб Бурзи ХIархьидаса букIана хур кьун. Гьей гъарим гьелъие хъулухъ гьабизе Гьакъоса яхъун Къедие хьвадулаан[343].
Гьедин инжит гьаруна гIадамал доб заманалъул тIадчагIаз.
Гьеб хIалалда, ракъунги-къечонги бана цо чанго сон. Ургьисалал тIоледухъ колхозалъе хIалтIун гурони гIорцIизегIан кваназе жо щвезе рес нижер гьел соназ букIинчIо. Нижедасаги квеш гочун Веденоре аралги рукIун руго. Гьелдаги тIаде гьезул росулъ хутIараб щинаб магIишат-яшавги пана-пасалъана.

 [343] Гьакъо ва Къеди росабазда гьоркьоб буго риидал гурони лъелазе нух букIунареб цIакъго борхатаб мегIер, гьеб мегIерги бегун ячIуней йикIун йиго Чакар Къедие.

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Къедиселго гIадин гьезул мадугьалзабиги рукIун руго гочине рихьизарун, амма цIодорлъи бергьун гьел жидерго росулъ хутIана, къедисел абуни, жалго бетIергьанабги биххизе тун, чияраб цIунизе Чачаналъе ана.
Сасикьел гочунел ругинги рагIун Къедиса руччабазул цо къокъа ун буго районалдаса рачIарал хIакимзабазда цере квенчIелазда ччутиги (халта) бан: «Ниж кидаллъизегIан гьабги кванан рукIи нел?», - абун гIарзгун. «Жагьандаманалъуре аги нуж!» - илан гьез даги ягъун рокъое ячIарай эбелалъ гьеб бицараб ракIалда буго дида.
Байбихьуда гочеян абун лъиданиги хIал гьабулеб букIинчIо. Чачаналъеги ун гIемераб магIишат данде гьабизе хьулалда гIедегIана цо-цо къедисел чияр ракьалде. Гьенире щведал, жанире лъугьине гIицIцIал къадал гуреб жоги батичIо, цадахъ бачараб боцIиги хун тIагIана, гIемер заман инелде унго-унголъунги ччути (халта) гурого кваназе жо щолареб хIалалдеги ккана.
БоцIи гуребги, гIадамалги хвана унтиялъ. БакI хиси, гьава хиси рекъечIого. Гьеб кинабго балагь къедисезде бачIиналъе бищунго кIудияб гIиллаги - кIал цолъунгутIи, цо гIакълуялда хадур ине лъангутIи букIана. Гьебго гIилла буго жакъа нилъер росу нусиде бикьун букIиналъеги. Чачаналъа нахъе рачIунаго цо бакIалде ине лъачIого, цо гIакълуялде руссине бажаричIого.
9-го сон барав чи витIана дун эбелалъ ХIайбулал Сабигулал вац Ибрагьимгун цадахъ гьесулги нижерги гIиял къотIун. Эбел, гьитIинав Абусупянгун, Хамисатгун хадуй ячIине тана. Чанго къоги нухда бан щвана Веденоре. Дунги, дунго гIадинал цоги чанго гIисинал лъималги, Шамсудинил эмен ГIисалмухIамадил гьакидаги рекIун, щвана тIоцере Ведено районалде. Гьениб гьес нижеда абураб ракIалда буго: «Гьалеха, дир лъимал, гIатIиракь, гьанже щвана нилъ гIатIиракьалде», - ян.

СагIадулал МикагIил:

- ХIукуматалъ хIалги гьабун гочинарунин къедиселин абизе дида кIоларо, амма агитация букIун батизе буго, магIишат-яшав гьабизе лъикIаб бакI бугин Ведено абун. Гьелда божун гIедегIун ратила гочине.
Унгеян абулелги рукIана. Дицагоцин, гьитIинав чияс, боцIигун, раччун-къан АсаликIалде щведал эбелалда гьарараб ракIалда буго, рачIайин нилъерго колоде Асалире инин ва гьенир чIелин. «Гьанже росуго нахъе унеб бугелъул, дир вас, цохIо нилъ гьанир чIун жо кколаро», - ян жаваб кьуна дие эбелалъ. Нижгун цадахъ вукIана 100 сонил гIумруялде вахарав кIудияв эмен Дибирги кIудияй эбелги. Цадахъ босараб жоги нижехъ цохIо хIамида лъураб, оцазда къараб ва цоги нижедаго баччизе кIвараб жо букIана. Цогидабщинаб къайи-цIа, тIаде нуцIаги рахан, росулъго тана. ТIорщалил цIураб цо кIудияб сандукIги хутIана нижер гьениб.

КЪЕДИСЕЛ ЧАЧАНАЛЪ

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Гочун рачIунаго цадахъ бачIараб боцIиги хун, кваназе жоги лъугIун ниж ругеб мехалъ, инсул гьобол, Гъоркь Гьаквариса Исрапилица бачIана хабар, нужер эмен ГъазимухIамадица жиндихъ тараб гIарцул кьили-къайги чIолорхъоги босизе бокьарав чи вугин, щибин жинца гьелда гьабилеб.
10 сон барай Хамисатги ячун лъелго гьениеги ун, 6-7 къоги нухда бан ячIана эбел, гьеб къаялъухъ хисун щвараб 5 къали цIоросаролъги мугъалда баччун.
Гьеб къварилъиялда тIаде хIукуматалъги толароан гIадамазе рахIат, налог кьеян, гьан-рахь кьеян рачIун. Гьелдаго цадахъ гектарал ракьулги кьолаан руччабазухъе рухъизе цо пайдаго гьечIеб мухьалъухъ. Щибаб рукъалда тIад 40 кило гьанги букIана лъун лъагIалие жанибе кьезе. БоцIи бугез, бихьинал рокъор ругез гьеб квешги-лъикIги, гIалахалда болъонал чIвазе унги кьолаан, амма нижер эбел гIадал гIисинал лъималгун жалго хутIарал руччабаз гьеб бугезухъа мухьги кьун босизе кколаан.
МагIарухъа бачIараб боцIул чIаго хутIараб цо гIака букIана нижер. Веденоре щун лъагIел данде щвелелде, цоги нухалъги вачIана судисполнител, кIиго нухалъги вачIана гьан кьейин. «Бохалдаса къотIунищ, михъал хIулад, дица дуе гьеб кьелеб!» - ин ягъулаан гьадингоги рокъоб бугеб къварилъиялъ ццидахун йигей эбел гьесда. Лъабабилеб нухалъги вачIун цебе нижер гIакаги къотIун ана гьев: «Районалде ячIа, дурго хутIараб жо нахъе босизе!» - ян гIодулей эбелалдеги ахIун.
Дида лъаларо гьел къояз нижер рокъоб чед букIарабищали. Чадида данде кваназе цIам букIарабищги лъаларо. Бищунго яхI тIагIарал, бищунго гIаданлъи гьечIел цIехон тун рукIана гьеб хъулухъалда хIукуматалъги гIадамал. Къедисаги вукIана кIиго гьединав «хъулухъчи».
Туснахъалдасаги вачIун эмен рокъов вугеб тIоцебесеб соналъ нижер цо оц букIана хIукуматалда хъвай-хъвагIайги гьабичIого балъго хьихьулеб. Гьелъул «махIги» чIван чанго нухалъ вачIана нижехъе гьев кIиявго, цо-цо жоялъул багьанаги батун, сентIезе.
Цо къоялъ инсуца нижеда абуна къватIибеги бачун оц хъвейин, ва, гьанги бан хинкIал гьареян эбелалдаги буюрун, дов кIиявго чи ахIизе лъимал ритIана. Квана-гьекъон рахъиндал инсуца гьезда абуна: «ГIенеккея, дир лъимал, гьаб буго доб нужеца цIехолеб букIараб жо, амма лъан букIа гьаб нужеца бецIизе букIин!» - ин. Гьелдаго цадахъ гьес гьезие цIакъ гьев кIиявго нечараб гIемераб хабарги бицана. Гьелдаса нахъе гьез гьеб хIалтIиги жибго тана.
Туснахъалдаса вачIин дал инсуца босана чуги гьокоги ва бакIарун гIечги гьелда тIад лъун ниж унаан Горозниялде гьеб бичизе. ГIи-цIцIани росизеги бокьун, гIарац цIехон аралъуса гьеб ги щвечIого, цо къоялъ росун рокъор рукIарал заемалгун районалде арав эмен, рергьун гьелгун, хъат цIун гIарацги босун вачIана. Гьеб гIарцухъ нижеца росана цIцIани ва, абизе бе гьула гьеб къоялдаса нахъе нижеда ракъиги лъачIин, ресукълъи ги бихьичIин.
Цадахъго 3-4 бурутIги гьабулаан цо-цо цIцIеялъ. РечIчIизеги речIчIулаан, рахьдал бахъун хIанги гьабулаан. Гьезул гIемераб баракат щвана нижее гуребги, цогидал росдал гIадамазеги. Лъимал гьарун мавлид ахIулевги, армиялдаса вас вачIарав, ригьин-цIа гьабулевги, цоги батIияб къварилъи-гIатIилъи ккаравги вачIунаан инсухъе хъвезе жо бачине. ГIемерисел гьел инсуца мухь босичIогоги кьолаан. Мухь хадуб кьезеян рачун аралги чанги хIалал гьарунги толаан. Нижго хадур чIезе ккечIого Аллагьасго хьихьун букIана нижер гьеб боцIи. Нижеца гьезие гьабулеб жо букIана цохIо радал къватIире риччазеги бакъанида жанире инеги чали-бокьалъул нуцIа рагьи ва къай. Аллагьасул хIикмат гьечIищ, цогIаги жо биличIо, цогIаги жо бацIалъ чIвачIо гьезул, гьеб ракьалда ниж ругеб заманалъ. Эбелалъ гIодулаго чанги абулаан: «Гьаб жо лъикIлъиялъегIаги бугодай, дир лъимал?»- абун.
Гьединаб жо буго Аллагьасул рикъзи. Кьезе лъугьиндал чвахунги бачIунеб, босизе лъугьиндал лъалелде нахъе босунги батулеб.

СУРХАЙИЛ САКИНАТ

СагIадулал МикагIил:

- Веденоре щун гIемер заман инелде, магIарухъа цадахъ бачIун букIараб кваналеб жоги лъугIун эбел тIад юссун ана. Гьеб заманалъ кIудияв эмен ва кIудияй эбел нижгун рукIинчIо – гьел АсгIадулаца жиндаго аскIоре Мартаналде рачун ун рукIана. Лъималазда гьоркьов кIудияв дун вукIиндал, эбелалъ дида абун тана, нагагь жий ячIине кватIани, Загьрахъе айин, гьелъ нилъее кьезе кколеб цIоросаролъул сахI цIезе. Гьенивени инин, амма дица гьеб киб ххенелебин гьикъидал гьелъ малъана мугь байин.
«Жакъани ячIуна эбел, метергIаги ячIине ятила эбел», - абун кинго гьейги ячIунарого хьулазда бана чанго къо, гьездаса кIиго лъабго – щибго кваначIого. КигIанго ракъун рукIаниги, Загьрахъе инеги нечон чIун вукIарав дун, ахирги, яхI гьабизе кIолареб бакIалде иш ккедал гьениве ана.
ХинкIалги гьарун лъимал кваназарулей ятана дида гьей. ГьанжегIаги диеги кьезе батилин гьелъ хинкIин абун гьездаги балагьун хIацIу къулчIулев вукIарав дие гьебги кьечIо, гьечIин абун цIоросаролъги цIечIо.
БакI рикIкIад букIиналъги вакъун тату хун вукIиналъги хIалалъ гьелъухъе щун вукIарав дун, накабазда хъурщулеб къоялдеги ккун вуссана нахъе. Жеги рукъалъул нуцIа рагьилелдего кванил махIги бачIун дида дагьаб рухI речIана ва: «Эбел ячIун йиго!», - ян хIукмуги гьабун, гIедегIун гьеб рагьана.
Эбел ячIун ятичIо. Рукъ бакьулъ цIулал хIерччги лъун, гьелда жаниса цIоросаролъул ханждал каш кваналел ругоан Зирайлавги цогидал лъималги. «ВачIа, вачIа, МикагIил, дуеги гьабила гьазда гьоркьоб бакI», - анги абун, эбелалъул яцгIал, Сурхайил Сакинатица дун, кодобе гъудги кьун, хIарччида нахъа гIодов чIезе вачана.
Абизе бегьула гьелдаса гьуинаб квен дица дир гIумруялда жаниб цоги кванан батиларин. Гьебго къоялъ бакъанида, цояб хIамида лъун, цогидаб жинцаго баччун, пурчIина-ролъгун эбелги тIаде щвана.

ГъазимухIамадил Хамисат:

- Веденор къедисел ругеб заманалъ росдал гIемерисел хъизанал рукIана, цоял рагъде ун, цогидал туснахъазде ккун, кумекалъе бихьинчи рокъов гьечIел, рукъалъулги дунялалъулги кинабго къварилъи цохIо руччабазда тIаде бегарал. Лъималазе кваназе жо балагьулаго чанги захIматаб хIалтIи гьабизе кколаан гьел гъаримаз гьениб.
Гьединабго букIана нижерги хъизан.
АмирхIамзаги, Абусупянги, дунги рукIана гьеб заманалъ эбелгун. Рокъоса кваназе жо лъугIидал, цо-цо щагIил гIортоги, регIерун цIулал гIучIалги кодоре кьун ритIулаан ниж эбелалъ ихдал бекьараб колхозалъул авлахъалде, цIоросаролъул мугь ракьулъа бищизе. Чанго сагIаталъги рикIарун бачIараб гьеб гьелъ белъулаан ва нижее кваназе кьолаан.
Цо гьединаб захIматаб соналъ, инсул гьобол, Гъоркь Гьаквариса Исрапилица хабар бачIана: нужер эмен ГъазимухIамадица жиндихъ тараб гIарцул кьили-къай босизе бокьарав чи вугин, гьелъул багьаги гьабизе мухьги босизе магIарухъе рачIаян.
Рокъосаги тIагIун букIун, цо щурунги босун йитIана дун эбелалъ Каримихъе, чанго къоялдаса нахъе кьезе ханжу гьаризе. Гьедин бачIараб гьеб ханждал гьелъ лъабго гурга чадил гьабуна ва гьездаса цоябги рокъоб тун, дунги гьейги магIарухъе ине рахъана.
Гьедин унаго, росу рагIалде щвараб бакIалдаса эбелалъ дун тIад юссинаюна, нухда босун букIаралъул цоябги чед рокъов тарав АмирхIамзаеги Абусупяниеги кьезе. Нагагь ниж кватIани, гьел ракъун хутIилин хIинкъун гьабуна эбелалъ гьедин.
КIиго сордо-къоги нухда бан лъабабилеб къоялъ щвана Гьакварире.
Кьили-къай хисун щвараб щуго къали цIоросаролъги мугъалда баччун эбелги, жо баччизени щиб, жеги берцинго хьвадизецин гьунар гьечIей гьитIинай дунги, ункъго къоги нухда бан Веденореги рачIана.
Гьоболас кьураб квенги лъугIун нухда ракъарал нижеца баччун бачIунеб мугь чIамулаан. ГIандадерил магIарда цо колода аскIор хIухь бахъизе лъалхъидал дица эбелалда абуна бетарахьалъул цо гIорто цIеян гьарейин гьел гIадамазда. БукIинчIеб хIисаб буго, гьез риди кьун бачIана.
МагIарде рахунаго эбелалъе бигьа букIине гIоло, рачIги тIогьиса бухьун чохтIоялда жанибги бан дагьабго цIоросаролъ дицаги баччана.
Гьаб заманалъ ругел гьал ясаз квен чурулъе балеб бихьидал ракI гIодула дир. КигIан гьарзаго бугониги дида гьеб исрап гьабизеги кIоларо, анкьго къо бараб бугониги, чедги кванала.
Эмен туснахъалдаса вачIиндал берцинлъана нижер рукъ, магIишат. Гьес абулаан, баракат лъезе ккани, иш гьитIиналдаса байбихьизе кколин. ГIанкIаби, цIцIани хьихьейин малъулаан. Нуж гIадамазда хьандогейинги абулаан мунагьал чураяс. ХьамичIого, рагъичIого чIезе кIолеб гьечIони: «Риидал бечIчIизе гIака гьечIого хутIаги», - ян гьарунгIаги теян абулаан.

СагIадулал МикагIил:

- Веденоре щведал цохIо гIицIцIал къадал гуреб цоги гIумруялъе пайда босизе бегьулеб жоги нижеда чачаназул рукъзабахъ батичIо, гIемер кватIичIого хун кинабго боцIцIиги тIагIана, цадахъ рачIун рукIарал кванил сурсаталги лъугIана.
МагIарухъа бачIараб 170 гIиял ва 7 гIакдал цо моцI инелде нахъе хутIана 16 чахъу. Гьелги рачун рачIана дунги эбелги, ГIабдулгIазизгун, Пирбудагъгун ва Малачиласул МикагIилгун цадахъ Къедире.
Ашахъан вукIана нахъе хутIараб гIадамазул гIиги данд бан гьезда рии бахъизабизе вехьлъун магIарухъе арав. Нижецаги нижер гIи гьесухъ кьуна. Гьесул чIараб бакIги Асалиб букIана.
Гьениса тIад руссун рачIунаго нижеда данделъана лъугърал хIамулги цIун вачIунев кIиго чи. Цадахъ рукIарал кIудияз малъун дица гьезда гьикъана: «Нуж хвезего гьечIищ?» - абун. Цо нухалъ гьикъидал гьез рагIичIеб ххвел гьабуна, кIабизеги гьикъидал: «Гьав лъил?» - абун цIехана. Дун лъил вугеб бициндал: «Гьай, бацIил тIинчI», - ан дидаги абун, гьел жидерго нухде ана. Къедисезул рукъзалги риххун бахъараб цIул букIана гьез цIадаб лъезе баччун унеб.
12-13 сон гIумруялъул бугев чи вукIана дун эбелалъ, рагъул гIахьалчагIазул лъималазе абун, нижее бачIунеб букIараб пособиялъе документал гьаризе Агъваливе витIараб мехалъ.
Хасало заман букIана гьеб. Накалде бахунеб гIазуги букIана ГIандимагIарда. Гьенисан вилълъунги вачIун дун кивего сверичIого росулъе ана. МухIамадханил Гъамбулатихъ ва МухIамадихъ 3-4 къоги бан Агъваливе вачIунаго, гьениб цо тIохда бихьана дида нижер букIараб сандукI. Дун гьеб бугеб бакIалде ана ва гьенив ватарав цо кIудияв чиясда гьаб нижер сандукI гьанибе кин ккарабин гьикъана.
Дир суалалъе дов чияс жаваб кьечIо. Жавабалъул бакIалда гьеб жиндие бичеян абуна.
Гьес кьураб 15 тумен гIарацги чвантиниб лъун дун Агъваливе вачIана. Гьениб военкоматалдеги собесалдеги щун кагътазул гIадлу-низам гьабуна ва 5 томеналъухъ босун цо буханка чедги къвалакь ккун маркIачIулалде Болъихъеги щвана.
Дир пикру букIана Веденоб гIадин гьенибги гостиница букIине кколин, гьединлъидал, гьеб киб бугеб цIехезе гIоло цо къотIнор чIалда гIодор чIун рукIарал гIадамазда аскIове ана.
Дица суал кьедал гьел цоцахъ ралагьана. Гьезда гьоркьосаги вахъун цояс: «Гьаниве вачIая, дир вас», - анги абун, дун жиндаго аскIове ахIана ва, дир гъажалда цояб кверги лъун цогидалъ, Болъихъ бакI бихьизабуна.
«Гьаб кинабго росу дуе гостиница буго», - ян абуна гьес ва вачун дунгун жиндихъего вилълъана. Гьев сахаватав чиясухъ сордоги бан, радал къватIив вахъарав дун къасиялде рокъовеги щвана.
Веденобги нижер хъизаналъ лъабго сон гурони бачIо. Къедисезул чанго хъизангун цадахъ ГIурус-Мартаналде гочун, чачанал тIад руссараб 1957 соналде щвезегIан гьенир рукIана. Гьенисан рахъун Аксаялде рачIана. Гьениб 4 сонги бан, гочун Кобиялде ана ва гьале жакъа гьанир руго.
ГIемераб къварилъиги бихьана, ракъиги хIехьана, гьеб ракъиялъ нилъер чанги чи хвезеги хвана. МагIарухъа рачIун 3-4соналдаса гурони гьаб ракьалда гIумру гьабизе кколеб къагIидаги лъачIо, боцIул гIадлуги лъугьинчIо. Гьелде щвезегIан гIадамаз кваналеб гIемерисеб жо букIана гIалхул генигун жубан ххенараб цIоросаролъ. ПурчIина хьалеб гIадин хьараб гьелъулги щибго пайда гьечIеб бачIин букIунаан хаслихъе. 2-3 сон индал гурони лъачIо гьеб кин хьазе кколебалиги.
Гьеб заманалъ ккараб иш бугин бицуна, гьобол вачIун вукIун вуго цо къедисезухъе. Гьезул хуриб бижараб цIоросаролъул гъунки бихьарав гьев вахъун гьениве уна ва, щибго хважаинзабаздаги абичIого, гьоркьо-гьоркьоса гьеб бетIизе лъугьуна. Гьоболас гьабулеб жо бихьарай чIужуялъ росасде ахIи бала: «КъватIиве вахъа, гьадав чияс нилъер хур хвезабулеб буго!» - ян.

ЧАЧАНАЛЪА НАХЪЕ ГОЧИ

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Чанго сонги Чачаналъ бан, битIун магIишатги берцинлъа раб, гIадамазда рухIги речIараб заманалъги щиб коммунистаз нилъер халкъалъе гьабураб? Рачун тIаде чачаналги гъун, зара хутIана нилъерги гьезулги гIадамал цоцаз гъуризе. Веденоб цо гьединаб дагIба бугеб бакIалда аскIове ккана дун. Жидер гIакълуги бичIчIиги бугел цо гIадамал гьоркьор лъугьинчIелани, магIарулазулги чачаназулги гьениб кIудияб рагъ ккезе букIана.
Къандалъаби цIун гIарацгун, яргъил цIун ящикIалгун рачIана чачанал Сибиралдасаги, Азиялдасаги тIад руссун. МагIарулалин абуни, 14 сонги гьезухъ бан, гьезул минабиги цIунун, ракьги къачIан, бихьизе нахъе чIегIераб-хъахIаб къварилъиги хутIичIого гьанжеги къватIире рахъине ккана чIезе бакI цIехон. Нилъер гIадамалги кIал цолъун, ракI цолъун цо бакIалде инчIого, цоял магIарде ун, цоял гIурухъе ун рихха-хочана. Биххун тIатIала бан батана росу-ракь, кулаби. Гьезда тIох лъезени кисса, цIадаб лъезе бегьулебцин цIул батичIо гьениб хутIун.
Хъвайнихьонда, Инхокъвари, Къиялъ, Гьакъо рохьахъа къотIун, мугIрузул тIогьаздаса, кьурул сухъмахъаздаса цо-цо рахи, цо-цо чIалуги цIан цIидасан тIох лъуна росу, цIидасан гIуцIана магIишат.
КIиго чиги чуги гьечIого гьеб цо чIалу цIан рачIине рес гьечIел нухалги рукIана гьеб заманалъ нилъер мухъалда. Цо нухалъ ун руссине 1-2 къоги къваригIунаан.
Ярагьунеб рукъ-бакI лъугIизегIан вехьасул рукъ (паж) гIадаб бакIалда жанир рукIана 5-6 чи вугелги хъизанал. Дунги мадугьалихъе КIушкандилазул гьоров унаан вегизе. Гьезулги, Гъанбулатилазулги, Мусадибирасулазулги, МухIамад султIанилазулги, Насрудинилазулги, ГIалихъиличилазулги гурони гьаб росулъ тIох лъураб бакIги хутIун букIинчIо. Гьезги щиб гьабилеб тIубараб росдае, жалгоги мискинлъиялда ругел гIадамаз?
Кумек гьабун росдае хьазе хьон кьуна гьакварисез. Гьединго гьезго кьуна гьеб бекьизе ва лал тIамизе оцалги. Инсул гьобол Исрапилги вачIана нижехъе кьезе хIамаги чуги бачун. КIиго лъабго соналъ букIана дихъ гьеб хIалтIизабулеб.
Веденоса гочун Шаваялде аразулги, гьениб колхозалъул пермаги рукъзазе къотIун, цо-цо рокъоб жаниб цо-цо хъизан букIана жидерго мина-карт лъугIизегIан чанго соналъ гIумру гьабун. Цогидал бакIазде аралги батIаго лъикI рукIинчIо.

ЭМЕН ГЪАЗИМУХIАМАД ТУСНАХЪАЛДА

- 1942 соналъ туснахъалда ккезе цеве эмен колхозалъул гIияда вукIана. Немцазулгун рагъ байбихьун кIиабилеб соналъ Гьигьалъа ХIосенил МухIамадил «хъачагъаз» магIарда вукIарав гьевги, цадахъ вукIарав Халитил Герейханги гIигун цадахъ росулъе рачун руго ва Нохъоде гIадамалги ахIун щварасе щвараб кьун гьел рикьулел рукIун руго.
(Бицен буго, гьез нахъе бачизе батIа гьабураб гIи, жидецаго колхозалде рехараб, жеги гIуж тIад бугеб, лъалеб букIанин. ГIухьубуз нахъе бачарабги, колхозалъулалда гьоркьоб букIараб жидерго гIи букIанин - авт.).
Гьенире аскариялги НКВД-ялъул хIалтIухъабиги тIаде щун ккун вуго эменги гьесда цадахъ ХIанапил эмен Хизри, гьесул вац Иляс, Бурашилазул МухIамадхан ва цоги чагIиги. Гьезул цIарал дида лъаларо.
Бицен букIана Къиялъа Къедире рачIунел гьел НКВД-ялъул хIалтIухъаби тIаде щун ругин чанав вукIарав цо нилъехъасда. Жидерго дурнабералги гьесухъ кьун, гьез абун бугин балагьейин гъол гIиязда аскIор ругел чагIи щалали.
Гьеб къоялъ росулъ ккараб жо лъаларев вукIиналъ сундаго щаклъичIев гьес жиндирго эменги, имгIалги ва цогидалги гьезда рицун руго. Гьезги гьесдаса балъго гьезул цIарал хъван руго. Хъачагъал гьел щвелелдего росулъа нахъе ун рукIун руго.
Эмен жанив тIамидал эбел ун йиго колхозалъул председателасухъеги росдал исполкомасухъеги, гьев колхозалъул гIиял вехь вукIанин абун, справка кьейин. Гьез эбелалъе гьебги кьун гьечIо, справка бачIарабани рокъов хутIизе вукIарав эменги, хъачагълъиялъул делоги тIад гьабун, анцIго сонги кьун, жанив лъун вуго.
Дир гьеб заманалъ 6 -7 сон букIана. РакIалда буго, рачIун рокъорегун милицаз нижер бусен-къай, цIарагI, боцIи бахъараб куц. Цо кьегIер букIана дир, рокъобеги бачун хьихьараб, кибго дунгун цадахъ букIунеб. Гьебги бачизеян гьел лъугьиндал, «Гьаб дир буго!» - янги абун, дун гьелда тIад речIана, ва, гIодилаго, гьеб гьезухъа бахъизе лъугьана. Тункун дунги рехун, тIасан габурги ккун гьез гьеб бачун ана.
Чанго соналдаса, ниж Веденор ругеб мехалъ гурони, нижеда эмен чIаго вукIинги лъачIо. Бусадаса бихъараб, тIад хъвай-хъвагIай гьабураб хъахIаб хамил къотIелги босун, Сасикьа Паризал МухIамад вачIана нижехъе. Гьелда хъван букIана инсуца жив Саратовалъул лагералда вугин.
Гьединго тIад гIарабалъ хъвай-хъвагIай гьабураб катаналъул кIудияб къотIелги бачIун букIана нижехъе цо нухалъ Чимкенталдаса, гьенив туснахъалда вукIарав инсул вацгIал, къиялав ГIабдулмутIалибица битIун. Гьебги босун эбел Гъазиясул МухIамадихъе ун йикIана цIализабизе. Дида лъаларо гьеб гьесухъгойищ хутIараб яги нахъейищ бачIараб.
Гьединаб къагIидаялъ гурони цоцазул хабар лъазе рес букIинчIо жанире ккаразулги гIагарлъиялъулги доб заманалъ. Туснахъалдаса эмен вачIана гьеб кагъат бачIун хадув лъагIалидаса. Кинабниги 7-8 сон бана гьес жаниб. Гьев вачIиндал ниж жеги Веденор рукIана. ЧIаго хутIиялъул ва кьураб заман лъугIичIого жив къватIиве виччаялъул хIакъалъулъги гьес гьадинаб хабар бицунаан:
«Туснахъалда нижее кьолеб квен букIана спичкаялъул коробка гIанасеб чIегIереб чедги, цо кесек чакаралъулги, жинда жаниб кинабгIаги нахул асар гьечIеб, лъим гIадин тIокIкIараб, картошкадул чанго кесек бугеб чурпадул цо гелги. Хасало вакъиялъги квачалъги хвечIого хутIарав ихдал накабазда хъурщун унаан гIурччинхер кваназе ва гьелъ холаан. Гьедин хвечIого хутIаравги хаслихъе хинаб лъеде цIамги бан, гьебги гьекъон, гьорон холаан. Гьеб иш жанир ругез гьабулаан жалго хвезе гIоло, туснахъалда бугеб хIал хIехьезе кIоларого. Гьедин хвана дунгун цадахъ рукIарал Дагъистаналдаса чанги сахав гIолохъанчи. Дица гьезда гьарулаан кванаге нужеца гьеб гIалагъважайин. ХIехьезе кIолеб гьечIин абун кваналаан гьез гьеб.
Дун чIаго хутIиялъе гIиллаги гьеб кваначIолъиги гьениб дие кьураб жоялда чехь ругьун гьабиги букIана. Кьураб заман лъугIичIого къватIиве виччаялъеги ккана цо гьадинаб сабаб.
Цо сордоялъ хIажатханаялде арав дида гьениб бортун батана 10 гъурущ гIарац жаниб бугеб бухьараб жо. Радал рахъинелде нижер баракалда багъарараб ахIи-хIуралдаса дида бичIчIана гьадаб дида батараб гIарац сабаблъун бугеб рагъ гьеб букIин. Дун надзирателасда аскIове ана ва гьесда абуна дол рагъулезда цIехейин гьеб гIарац кигIанасеб ва сунда жаниб букIарабин. Гьедин, биларав чиги валагьун, дица гьеб гьесухъе кьуна.
Гьелдаса хадуб гIемер заман ун букIинчIо, цо къоялъ лагералда лъазабуна киналго цо бакIалда ракIарейин. Мухъ гьабун чIарал туснахъазда цеве машинаялде тIаде вахана цо гинарал ва байбхьана кIалъазе. Бицунеб жо бицун бахъиндал гьес абуна: «Нужеда гьоркьов вуго Дагъистаналдаса ХIадисов ГъазимухIамадин цIар бугев, жинда тIаде я посилка, я кагъат биччаларев, хъачагъ вугин абун жанив тIамурав чи. Жиб сабаблъун нуж цоцаз чIвазехъин букIараб 10 гъурущ гIодоб батарав ва гьеб бетIергьанасухъ нахъе кьурав. Гьединав чи туснахъалда вукIине кколаро!» - ян.
Гьеб иш сабаблъун дун къватIиве виччана ва дида бицана дир хъизан Чачаналъ Веденоб букIин. Унтун костилазда вукIиналъ кумекалъе цадахъ чи витIилищанги цIехана дида гьез».
Гьедин костилазда, инсанасда релълъараб сурат гьечIого вачIана эмен рокъове. Абизе бегьула цохIо бахъун чIараб ракьаги хъалги букIанин гьесул черхалъул хутIун. «Хвалчаца, хонжроца нужеда ругъун лъуниги, дир лъимал, чи жаниве кьоге», - ян малъулаан гьес нижеда, гьеб туснахъалъул кьогIлъиялъул бицунаго.

ГъазимухIамадил Хамисат:

- Эмен туснахъалдаса вачIунеб къоялъ дун Веденой школалда йикIана. Нилъехъа ИсмагIилил Бариян ячIана дида рагIизабизе нужер эмен вачIунев вугин абун. Йохиялъ кинабго жо кIочарай дун екерун къотIное ана. Жакъа бихьараб гIадин ракIалда буго дида гьеб сурат. Халатаб шинел ретIарав, мугъалда таргьагун, кIиябго рахъалъ костилалги къвалакь чIван вачIунев, жиндир хIалакълъиялъ рукьбиги хъалги гурого черхалъул хутIараб жо гьечIин кколев чи вихьидал хIинкъун лъалхъарай дица: «Гьединав вукIинчIо дир дада!» - ян абуна.

ШКОЛА

Сурхайил АхIмадхан:

- ХIажидадаялда вугев Сурхайил эмен БурикIил Бахул ГIалисултIан вукIун вуго ЦIумада районалда тIоцебе жиндие тIадегIанаб лъай щварав чи.

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- 1944 соналъ Чачаналъе гочиналдего Къедиб гьабсагIат бугеб бакIалда, гьебго гIеблъи-халалъи бугеб школа букIана. РакIалда буго гьениб жаниб библиотекаги букIараблъи. МугIалимзаби щал рукIарал лъаларо. Гьеб соналде 8-9 сон бан букIаниги дун жеги цIализе ун вукIинчIо. Школалде дун ана Веденов.
Росу гочун индал гьениб жаниб гIачиязул перма гьабун букIун буго. Нахъе рачIун цIидасан росу балелъул, бацIцIа-бакун, тIохги хисун къачIана. Гьеб лъугIизегIан лъимал Мусадибирасул рокъор цIалана.
Дир гIелалъул лъималазул Веденоб школалда лъикI цIалулездаса рукIана Набигула, Чупаласул МуртазагIали, Сурхайил АхIмадхан, ГIабдугъапурил Шигьабудин, ИмангIалил АхIмадхан ва цогидалги. Гьел киназулго, цоязул мугIалимзаби, цогидазул тохтурзаби рахъана.
Дида лъалеб заманалъ нилъер росулъ мадраса гьабун букIана тIоцебе ЩагIбанил, хадуб Хъазил МухIамадил рокъоб. Митрадаса ХIасанхIажиги, ЦIунтIаса Каримулаги рукIана гьенир росдал васазда Къуръан малъулел. Гьелдаса цебеккун яги хадуб Совет хIукуматалъул заманалъ нилъер лъималазда гьеб малъана ХIосенил ГъазимухIамадицаги, Гъазиясул МухIамадицаги, ГIалихъиличицаги. Какцин рахчун базе кколеб квешаб заман букIаниги, гьел мунагьал чураяз жидеда бажарараб жо гьабуна гьеб ишалъе гIоло.

МАДУГЬАЛЗАБИ

Сасикьа Хъараласул АхIмад:

- ДагIба жаниб камураб хъизанги, гьоркьо-гьоркьобгIаги цоцадаса барщуларел вацал-яцалгицин рукIунарелъул, мадугьал забазда гьоркьобги гIиси-бикъинаб тунка-гIусиги рагъ-кьалги гьечIого букIунаро, гьединлъидал къедисезулги сасикьезулги къецалги цо-цо барщиги кIвар гьабичIого таниги бегьулеб жо буго.
Кирго рукIунел гIадин Къедирги руго цо-цо хIабургъин гьабулел чагIи, Сасикьги руго. ЦIикIарасеб халкъ - лъикIал гIадамал руго. Щиб кканиги цоцазе кумекалъеги рахъунел, рохалиеги къварилъиялъеги кидаго цадахъги рукIарал росаби руго гьел. Цоцазе гIагарав гьечIев чиги гьечIо гьенив. Дида лъалеб мехалъ гIемер руччаби рукIана, Къедиса рачун, Сасикь ригьнада. Гьанже, Сасикьа рачун, Къедир руго 30-40 чIужугIадан.
Гьанже ругел гьал цо цIаларалин абулел гIолохъабаз гIемер бицуна цере рукIарал цIаларал чагIазухъ гIелму букIинчIин, цо чанго тIехьги хулжинибе рехун, кIудиял гIалимзабилъунги хIан сверулел рукIанин гьелин. Гьединлъидал диналда жанибги, хоб хвелалда сверухъги шаргIалда данде кколареб жоги гьез гIемер гьабулаанин.
Цоги жоялъул бицинчIониги, цебе нилъер росабалъ букIараб цо гьадинаб лъикIаб гIадат гIела гьезие жавабалъе.
Гьаквариб букIа, Силди-Гьакъоб, Къедиб букIа, чи хун вугин рагIани, росдацаго мухьги кьун босулаан цо сахаб хIайван ва гьебги хадуб цIцIан, хIамида тIорщалил гьирги къан унаан жиб-жиб росдал жамагIат хварасул бакIалде зигараялъе. Нижер чи хун вугони, гьединго нижехъеги рачIунаан.
1935 - 1950 соназ сасикьезе селсоветлъи гьабуна дир эмен Хъаралас. Гьебго заманалъ ЦIумада районалъул райисполкомлъун ТIиндиса МухIумаев ГIабдулаги вукIун вуго. Немцазулгун рагъ байбихьараб заманалъ гьес инсуда малъун буго, рагъде витIулевщинав сасикьев, жиндиего бокьун унев вуго абун гIарза хъвазе виччайин.
Азиялде чачаналги чачаназул ракьалде дагъистаниялги гочинарураб 1944 соналъ жиндихъеги ахIун гьес инсуда цебе лъун буго Данияловас гъулбасараб, гочине рихьизарурал росабазул сияхI ва малъун буго, гочичIого хутIизе ккани, щиб гьабизе кколеб.
Сасикьелгун цадахъ кинабго Эхедемухъалъул росаби рукIун руго гьеб сияхIалда. ЧIамалазул, багвалазул цогIаги росуги букIун гьечIо.
Гочиналъул гьеб хабар рагIидал, Къедив селсоветлъун вукIарав Искида[344] ХIусил ГъазихIмаца абун буго мун Сасикье Хъараласухъе айин ва гьесулгун данд байин щиб-кин гьабилеб, райисполком ГIабдула гьесул гьудул вугин. Иски Сасикье ине разилъун гьечIо ва абун буго, гьанже киве щив аниги, цогидал росабиги гочун гьоркьоса рахъун нилъ толарин, законги киназего гIаммаб букIунин.
«Закон, Бисил кьурабалъа гъоркье гуро, Иски, Москваялда бахъун бачIунеб жо буго, сасикьел гочинчIого рихьила дуда», - ян абун буго ГъазихIмаца.
Ккезеги гьедин ккана. Районалъул хIукуматалъулгун дандги бан, райисполкомас малъараб гьабурал сасикьел жидерго росулъ хутIана, къедисел чачаназул магIишат цIунизе Веденоре ана.
Гочун унезда нижги гочунел ругин ккезе, хвараб-араб, нахъе рехизе ккараб бусен-къай, цIарагI баччейин росулъа эхебе Агъвалибе, рукъзабахъа къайи къватIибе бахъунеб ххвелги гьабейин малъун букIун буго ГIабдулаца инсуда. Гьеб буго Сасикьа эхере ине кколел къедисез дагIба гьабичIого букIине гIоло хIукуматалъ ургъараб хIилла. ГочинаричIого теялъе бугеб бищунго кIудияб гIиллаги буго рагъде арал гIолохъабаз жидеего бокьунин хъварал гIарзаби ва гьелъул бицун инсуца - районалъул хIукуматалда, районалъул хIукуматалъ - Данияловасда гьари, гьезул росулъ хъачагъалги рукIинчIин, рагъдеги гьел жидеего бокьун анин, гьединлъидал гочунезда гьоркьоса гьел нахъе рахъейин абун.
[344] Иски 30-аб соназго кулакги гьавун тIагIун вукIана. АхIмадица бицунеб заманалъ Къедив селсоветлъун цоги чи вукIана.

Сасикьа АхIмаднабил СайидмухIамад:

- Дир гIумруялда жанибниги, умумузул биценалдасанниги дида рагIичIо къедисездаги сасикьездаги гьоркьоб яргъидалъун цоцаздаса би баккараб гIанасебцин рагъ-кьал ккун. Цо-цо гIадамазда, гIолохъабазда гьоркьор гIиси-бикъинал тунка-гIусиял ккун ратизеги бегьула, амма цоцадехун тушманлъи гьабизе гIураб иш ккечIо.
Кида щиб къварилъи цоцаде бачIаниги, цо росу, цо хъизан гIадин гьенир рахъунги чIана, рохелалъеги ургъелалъеги цадахъги рукIана. Гьелъие нугIлъун батIи-батIиял биценалги, харбалги гIемер руго гьеб кIиябго росулъ. Цоцалъ гIагарлъи, гьобол гьудуллъи гьечIеб рукъги гьечIо. Амма кирго рукIунел гIадин цо цо хIабургъин гьабулел чагIи гьенирги камуларелъул, гьоркьо гьоркьоб боцIуда, ракьалда сверухъ дагIба-рагIи букIана, гьанжеги букIунеб батила. Гьебги кIиго вацасда гьоркьобгицин букIунеб, бигьаяб жо буго. Сасикь абиги буго гьадинаб: «ЦIумадисез мичIчIалъ гIадин бухIизабула, къедисезул баракат камуларо», - ян. Гьелъул магIнаги буго: Къеди гIатIидаб, гIалах- ракь гIемераб бакI бугин, гьениса бецизеги, бекьизеги камуларин, гьелгун ракълида рукIани лъикI бугин абураб.
Нусго сон гIумруялъул бугев чи вукIун вуго дир кIудияв эмен ГIаличумукIу хIажи, кварида оцги бухьун, хIамида тIощалил хъапги лъун Къедиб мажгит балел гIадамазе гьеб кьезе араб мехалъ.
КIвекIун цIцIел тIомалъул таргьаги гьабун, гьелда жанибе тIехги бан, тIаде мох-мохги рехун, вилълъун хIежалдеги ун вукIун вуго гьев. Ункъго моцIги нухда бан сах-саламатго тIадги вуссун вуго. Гьев вачIун вугин рагIидал, сайгъат-саламгун кинабго росуго бачIанин къедисезул гьесухъе гьев кIодо гьавизеян бицунаан дир инсуца.
Кинниги, гIузруги гIайибги гьечIев чиги, гIунгутIиго гьечIеб бакIги маргьабалъ гурони букIунарелъул, ратизе бегьула гьезулги цоцада чIвалел гIайибал. Руго гьединал сасикьезулги къедисезулги, рукIинарищха.
Совет хIукуматалъ гIадамал гочинарулеб заманалъ дун балугъав чи вукIана ва бихьун лъала кин-щиб букIарабали. Ниж гочичIого хутIиялъе гIиллаги, гьереси бицине гьечIо, нижеего цIодорлъи гьабиялдалъун ва гьитIинабго хIиллаялдалъун букIана. Щибаб рокъоса цо-цо чахъуги, гьоцIо-нах, хIанги босун ана нижер гIадамал хIукуматалде тIаде. Доб заманалъ гьел цIакъ ракъарал рукIана. Щиб рес батунги ниж гочунареб къагIида гьабеянги гьарун, гьелда гьелги разилъун, рачIана гьел нахъе.
Гьеб мухъалъул киналго росаби гочине рихьизарун рукIиндал, нижеда гьез малъана цогидал нахъе ун лъугIизегIан нужецаги гочунеб ххвел гьабеян.
Гьеб букIана хадуб, амма байбихьуда нижедаги лъалеб букIинчIо хутIизе рукIин ва цогидаз гIадин къайи-цIа, квен-тIех Агъвалибе баччулеб букIана. ХIамузда къай-матахIги лъун чанго нухалъ дунгицин ана ЦIумада-гIурухъги Агъвалибги гьеб чIехьезе. ХутIулел рукIин лъан хадубги сасикьез къай гьенибе баччи течIо ва: «Нуж кида?» - ян гьикъаразе кьолеб жавабги букIана киназулго цого: «АнцIго къоялдаса», - ян. Гьедин абеян малъун букIана хIукуматалъ.
Къедисел гочун индал гьезул ракь бикьана 7-8 колхозалда гьоркьоб. Бищунго цIикIараб рахъ ккана гIахьвалазухъ. Росулъ цо-цо рукъзал гьел гочинелдего риххарал яги риххизе байбихьарал рукIана. ГIемерал къедисел рукIана гьеб заманалъ, Къедиб бетIербахъи гьабизеги захIмалъун гочун Чачаналъе яги гIатIиракьалде арал. ХIукуматалъ гочинаруразул минабиги тIоцере гьел колхозаз риххана – бокьалги цоги къваригIарал бакIалги ран, гьел тIекъезе гIоло. Гьенир рукIарал гIухьбузги гIезегIан риххана, бухIизе цIул бахъана. Абизе бегьула цIикIарасеб бутIа гьедин бихханин, хутIараб цIумадисезги ана сасикьезги баччана. Амма киназго гуро.
РукIана нижер гIадамал жидер гIагарлъиялъул, гьудул гьалмагълъиялъул бакIал цогидаз риххиялдаса цIунаралги, риххулезда гьабуге гьеб ишан абулел, гьелда рази гьечIелги. Аллагьасда лъала, нижер рокъобги гьениса цохIо лъехъелгицин цIулал бачIинчIо. Амма цо соналъ ХIажихIмал чIоралъухъ цоги чанго вехьгун цадахъ гIияда вукIарав гьитIинав гIолохъанчи дицаги, дида цадахъ гьезги, Хелекь рагIалда букIараб цо колодаса цIул бахъана ва бухIизе къайидеги баччана. Лъил гьеб кули букIарабги дида лъаларо. Лъил букIун батаниги, лъица гьабун батаниги, гьеб букIана мекъаб иш. Дир гьари буго Къеди жамагIаталда гьеб иш гьабурав дида тIаса лъугьаян.
Жиндир мунагьал чураяв Хъазил МухIамад вачIана дир ин сухъе, цо рекъараб багьаги кьун, жиндир рукъ босейин цIул бахъи зе. Инсуца гьеб босана ва гьениса бахъун цIул Сасикьеги баччана.
КIудияб богол рукъги лъикI къачIараб печрукъги букIана гьесул гьениб, гьелда рехараб цо кIудияб махил чIалоги букIана. Къеди гIигун рукIарал кIиго гьакъосесда инсуца гьарун букIун буго гьеб чIало бичIун хIадурун тейин, жинца нахъе босизе хIамулгун лъимал ритIилин.
Гьеб босизе ана дунги дир вацги. ГIухьбиги нижеда гIигун магIарде ун ратана, чIалоги бичIун батичIо. ЧIорогойищ нахъе инел абун нижеца гьениб аскIоб бащдаб биххун хутIараб цо минаялдаса бахъун цIулал хIамул цIуна ва росулъе тIад руссана. Рокъореги щун ккараб жо бициндал инсуца ниж хIамул чIехьезецин течIо - босараб бакIалде гьеб щвезабеян ритIана. Нижецаги гьес малъараб гьабуна.

Сасикьа ГIисал МухIамад:

- Цо рокъоб жаниб кIиго вацасда гьоркьобгицин букIунеб дагIба-къец кIиго мадугьаласда гьоркьоб гьечIого букIунаро. Цояб хер сабаблъун, цояб хур сабаблъун, цогидаб нух сабаблъун. Цо кIкIалахъ, цо лъарамухъалда мугъги чехьги гIадин аскIоб бугеб кIиго росдада гьоркьобги гьеб мунагь камилищха. Гьелда релълъараб гIиси-бикъинаб «рокьул» къец гуреб, цоги цоцадехун тушманлъи гьабизе ккараб гIадинаб гIузру я къедисезул яги сасикьезул дида рагIичIо. Амма гурхIел-рахIмуялъул, рокьи хинлъиялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул мисалал гIемер руго. Цоцалъе гIагарлъи гьечIеб, гьоркьоб ригьин-гьоболлъи гьабичIеб рукъги къанагIат буго. Кинниги, гIайибазулги мунагьазулги гурони, лъикIал рахъазул хIисаб гIадамаз гьабуларелъул, дида бичIчIулеб къагIидаялъ гьаниб бицун тела цо-цо гьел гIайибазулги гьезие ругел гIиллабазулги.
Нижехъ бицен бугеб жо буго Къедир ханзаби рукIиналъул, сверухъ ругел росабазул, хасго Сасикьа мискинзаби гьез къварид гьариялъул. Гьедин букIун батизеги бегьула, щайгурелъул ханзабаз жал ругеб бакIалда тIад ханлъи гьабичIого толаро. Сасикьел загIиплъараб, вабаъ унтиялъ хун гIадамал дагьлъараб заманалъ къедисез гьезул ракьал ккун ругинги абула нижер цо цо кIудиял чагIаз. Гьедин ккураб бугила Чуралбакъде щвезегIан ГьитIинарохьалъул мегIерги майданги. БукIанищ гьеб гьедин яги букIинчIищ Аллагьасда гурони гьанже лъалеб батиларо, амма гьелъул бицунезда дица кидаго абула, гьедин батани, гьеб ракьалъул цогIаги рахъалда, бакIалда щай Сасикьа гIадамазул цIар гьечI****. Щай абулареб Суратил хурин, ГIумархIажил кулийин, ГIабдуразакъил хьонлъийин? Гьелъул гIаксалда, гьениб Къедиса гIадамазул цIар бугеб анцIила анлъго кулиги, хурзалги, харибакIалги щай ругелин? Гьединго буго Асалиги, Гьандабуриги, ГъарцIабалъги. Гьандабури бугеб цо «Суратил хьонлъи» абулеб бакIги гьел Суратил чагIаз жидерин яги жидеда хъварабин абулебги дида рагIичIо.
Къедисезулги сасикьезда чIвалеб гIайиб гIемерисеб хурхараб буго росу гочиналда. Жалги гочун жидер ракьалда хутIарал сасикьез бихханин росу, росун анин цагърал, гъансал ва цоги гьениб тараб жойин абула гьез.
Веденоб къедисез бана 13-14 сон. Дир хIисабалда, гьелгощинал соназ, хIаршул гурони тIекъел тIад гьечIел рарал бакIал гIадамаз риххизегIан хутIуларо магIарухъ. ДагIба гьечIо: жаниб бортараб бакIалдаса мадараб чIалу-рахи, гордал-нуцIби росун ратизеги бегьула, жибго биххичIеб биххизабун букIинеги бегьула. Амма гьеб гIайиб росдадаго чIвай дица битIараблъун рикIкIунаро, щайгурелъул гьеб гьедин гьабун батаниги, гьенир дагьалго гIадамал гурони гIахьаллъизе рес гьечIо. Кинабго росуго мунагьалдасаги гIайибалдасаги хIинкъулареб букIунарелъул. Кин гьеб букIун батаниги, сасикьезда тIадаб буго баянаб жоялъегIаги къедисезда тIаса лъугьаян абизе.
Гьел цагъразул хабарги, дида рагIараб жо мухIканаб батани, бицине кколароан гьез. Бицен букIана гочун унаго яги гочаралъуса рачIун, къедисез жидер бичизе бегьулебщинаб жо щвараб багьаялъухъ бичулеб букIанин. Гьедин росарал, жакъа дагIба бугел ва гьечIел ракьалги бакIалги гIемер руго нижер гIадамазул къедисезул ракьалда. Гьединго росулел рукIун руго цагъралги цогидабги. Гьедин батичIони, щайха цогIаги къедисес абичIеб яги абулареб гьаб цагъур дир умумузул бугин, я гьеб нахъе кьейин яги гьалъухъ мухь кьейин? Гьеб тIалабги битIараб бугин, цагъурги Къедиса бачIараб бугин абун гьелъул рахъ кколев, киналго гьечIониги, лъабгогIаги ритIухъав сасикьев ватизе вукIанагурищ гьесда. Гьеб цагъурги гьитIинаб жо гурелъул бугеб, гIадамазда бихьичIого биххизеги, Сасикье щвезегIан баччизеги, гьениб данд базеги.

Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIим:

- Гьеб букIана Совет пачалихъ немцалгун рагъда бугеб, кинабго гьелъул халкъги къварид бугеб заман. Дагъистаниязда тIад гьабун букIана 18-ялдаса байбихьун 50 соналде щвезегIан гIумру бугел бихьинал рагъде рахъинги, релъеда-къад чIечIого колхоз-совхозазул хур-хер хIалтIизабиги, боцIи-панз гIезабиги.
ЗахIматаб иш букIана киналго руччабиги, рагъде инчIого хутIарал бихьиналги лъарагIлъиялде рачун, газа-белалъ кIудиял хандакъал (каналал) рухъизе тIами. Квен-тIех, ретIел-хьит къадараб букIун, гьава-бакъ рекъечIого гьенир гIемерал гIадамал унтулел ва холел рукIана.
Гьеб киналдаго цадахъ бицун чи божулареб къадаралъул магъалоги букIана гIадамазда тIад лъун. Мисалалъе, цо гIака бугев чияс нах кьезе кколаан гьеб гIакдаца рииялъ бечIчIараб рахьдал гьабуниги щолареб.
Дагъистаналъул мугIрузда бугеб гьелъул рахь Россиялда бугеб цIцIеялъулалдасаги дагь букIуна. ГIурус гIакдаца бечIчIулелъул хIисабги гьабун лъун букIана Дагъистаналъул гIакдада тIад магъало. ГIи-цIцIаназда тIасаги кьезе кколаан квасги, гьанги, цIоко-тIехьги, жалго гьел ричаниги босизе щолареб къадаралда. ХIатта гIанкIудул хоногицин магъалоде кьезе кколеб букIана.
«Заём» абун цIарги лъун щибаб соналъ зулму-хIал гьабун бахъулеб, кьечIого ресги гьечIеб, амма «добровольный» абун цIар бугеб гIарцул магъалоги букIана. Рагъ лъугIун хадуб, 1956-абилеб соналдаса байбихьун, гьеб заёмги тIадбуссинабун, цо-цо гIадамазе дагьабго гIарацги щвана. Амма гIемерисез гьел, хIукуматалда божилъи гьечIого, рихъун нахъеги рехун рукIана.
Гьир гIечIелъуб къвачIагиян абухъе, гьелдаги тIаде, 1944 соналъул феврал моцIалъул 23-абилеб къоялъ чачан-гъалгъаял гьоркьохъеб Азиялде ва Сибиралде гочинаруна. Гьебго соналъул ихдал гьезул ракьалде цо бутIа магIарулал, лакал, даргинал, лезгиналги гочинаруна: зулму-хIал гьабун, мина-мулкги цIа гъун бухIун. Гьедин гочинарурал дагъистаниялги гIемерисел гьава-бакъ рекьечIого унтун хвана, нахъе хутIаралги цIакъ захIматаб хIалалда гьеб ракь хIалтIизабулел, пачалихъалъе хIалухъин ва гьан-нах битIулел рукIана. ГочинчIого магIарухъ хутIаразда тIадги жеги кIудияб захIмалъи бегана - жидерго ракьгун цадахъ Чачаналъе гочаразулги ракьал хIалтIизаризе ккун.
Гьединаб, цоялда цо хурхараб, нахъаса къотIиго гьечIеб захIматаб хIал ва заман букIана гьеб рагъ лъугIун хадуб жеги 6-7 сон инегIанги. Цодагьабго гIадамазул яшав лъикIлъизе байбихьана 1953-абилеб соналдаса нахъе. Гьебги букIана Исталинги хвараб, гьесул ханлъиги тIаса араб заман.
Доб рагъул соназ букIараб гьеб хIал дида лъала дидаса цIикIкIараб гIумруялъул гIадамаз бицун. Дидаго рихьарал ва ракIалде чIарал лъугьа-бахъиназдаса руго гьанир хадур рехсарал.
Гьел рагъул соназ колхоз-совхоз биххизе абунги лъугьун рукIана гIадамал. 1930-абилеб соналдаса хадуб, гьезда кодоб букIараб боцIиги, ракьги нахъе босун, гьебги данд бан, гьезие бокьун, гьелги разилъун гьабурабин цIарги лъураб гIаммаб магIишат букIана гьеб.
Германиялъул аскараз Россиялда тIаде гьужум гьабидал цо-цо гIадамазул хьул лъуна жидее эркенлъи щвелин абун. Гьел рукIана жидее исламияб дин бокьулел, хIакъикъияб эркенлъи Аллагьасе дин гьабизе бугеб эркенлъи букIинги лъалел гIадамал. Аллагьасде инкар ккурал коммунистазул ханлъи тIаса ин букIана гьезул мурад. Амма гьединал дагь рукIана.
Дун гIолохъанаб мехалъ росдал хIакимзабилъун рукIараз бицунаан гьадинаб хабар:
Немцалги гъалгъаязул ракьалде щун, гьенир кьвагьулел гIарадабазул гьаракь магIарухъе рагIулеб заманалъ, ЗайнулгIабид абун цо цIаларав чи вукIунаанин годекIанив гIодовги чIун: « ВачIа дир гьудул Гитлер, вачIа!» - абун кIалъалев.
Гьаб хабар бицунесул мурад букIана дов ЗайнулгIабид квешав чи вукIанин, гьес халкъалъул тушман Гитлерил рахъ кколеб букIанин абун чIезаби. Амма дида хадуб лъана гьев ЗайнулгIабид вукIараблъи, гьитIинав гIолохъанчи вугеб заманалъго «рухIаниял» абун цIарги лъун коммунистаз тIагIинарулел рукIарал гIадамалгун цадахъ туснахъалда вукIарав ва гьениб гьел Аллагьасул тушбабаз бусурбабазе гьабулеб букIараб зулму ва къварилъи жинда бихьарав чи.
Немцазул рахъ кколеб бугин, Гитлерие квер бакъи гьабулеб бугин багьанаги батун, Крималъул татаралги гьаруна коммунистаз гьеб соналъ Казахистан, Киргизистаналде гочине. Гьебго багьана батун букIана гьез чачан-гъалгъаял Казахистаналде гочинариялъеги.
1944-абилеб соналде щвезегIан нижерги нижер гурелги ма гIарул росабазул гIемерисел гIадамал Чачаналъе унел рукIун руго хIалтIизе. Гьениб гьез гьабулеб хIалтIиги, хурзал ракIари, цIул гьа би, бечедал гIадамазул рокъор хIалтIи ва цогидаб букIун буго. ХIал тIи щвечIого хутIарал чIахIиялги, жидер тIалаб гьабизе чи гьечIел лъималги гьардухъанлъи гьабун бетIербахъи гьабулел рукIун руго.
Доб 1944 соналъ Чачаналъ ва Гъалгъаялъ рукIарал нижер гIадамаз бицунаан гьадинаб хабар:
 «Гьеб халкъалъул цониги чиясда жал гочинариялъул хабар лъалеб букIинчIо. Щибаб росдада аскIор рагъухъабазул къокъаби чIун рукIана ва апицерзабаз, гьел росабазул бегавулзабигун цадахъги лъугьун, щибаб цIаракиялда ругел гIадамазул цIарал хъван сияхIал гьарулел рукIана.
Цо къоялъ радал рахъиналде тIуранго росаби аскараз сверун ккун ратана. 16 соналдаса тIадехун ругел киналго бихьинал годекIанире ракIарана ва, сверун рагъухъабиги чIезарун, гьезие Сталинил буйрухъ цIалана. Гьелда жанир рукIана гьадинал рагIаби:
«Чачан ва гъалгъай миллаталъул киналго гIадамал къоло ункъго сагIтил болжалалда, кодоб босизе кIолеб ретIел-хьит, квен-тIехги босун, лъимал-хъизангун, гьакида, чуялда, рес бугеб бакIалдаса машинаялда рекIинарун маххул нух бугеб бакIаладе щвезаризе ккола ва гьенир поездалъул вагоназдеги рахинаризе ккола!» - абун.
Цинги гьел бихьиналги туманкIул кIалалда гъоркь чIезарун, гьезул руччаби, лъимал тIамуна цадахъ босизе кIвараб жоги босун рокъоса къватIире рахъине. Гьеб къагIидаялъ тIубараб Чачан Гъалгъаялъул халкъ цохIо сордо-къоялда жаниб вагоназде бахинабуна. Гьезда гьоркьор рукIарал цогидал миллатазул гIадамал гочинаричIого тана, амма гьезулги кодоб документ гьечIев чи вачун ана.
Хьвадизе кIоларел херал, гIузруял гIадамазулги чангиял чIван гIодоре рехулел рукIана. РикIкIадал мугIрузда бугеб цо росдал[345] гIадамал, цIараб заманалда жанир поездалъухъе щвезе гьечIолъиги бичIчIун, цо пермаялда жанир гъуна ва цIаги гъун рухIана. Гьениса лъутизе къасд гьабуралги речIчIун туманкIгун чIвалел рукIана».
Гочун унаго нухдаги хадуб Сибиралъул ракъалдаги гьел гIадамазда бихьараб къварилъи-гIазабалъул хIакъалъулъ, гьаниб хъвачIониги, халкъалда лъалеб буго.
1943-1944 сонал рачIиналде росдал гIемерисел бихьинал рагъде ун рукIиналъ, хъвай-цIали лъалев, колхозалъул бетIерлъун тIамизе бегьулев цоги чиги щвечIого, дир эмен ГIумарил МухIамад тун вуго гьеб хIалтIуда. Гьесдаги жиндирго цIарцин хъвазе лъалеб букIун гьечIо.
Нижехъа ИсрагIилил МухIамадица дида бицана жеги 16 сон тIубачIев гIолохъанчи жив гьеб заманалъ бухгалтерлъун тун вукIанин. Жинца дир инсуе цIулал мугьру гьабунин «Умаров» абун тIад хъвараб. Районалдаса цо кинаб букIаниги кагъат бачIани, жинца гьеб Умаровасе цIалулаанила, хадуб гьес абурал рагIабиги тIад хъван жавабги хIадурулаанила. Гьеб жавабалда гъоркь, гъулбасалъул бакIалда, щакъиги тIад бахун доб цIулал мугьруги цузабулаанила.
Гьелдаса хадув, рагъда ругъунги щун рокъове виччан вачIарав, хъвай-цIали лъалев СагIдулал ГIусман танила предколхозлъун.
Нижер росдал гIадамалги Чачаналъе гочине рихьизаруразда гьоркьор рукIун руго, амма гьеб заманалъ росулъ рукIарал цо-цо гIакълу-лъай бугел гIадамаз районалъул хIакимзабигун дандги бан, хутIун руго. Нижедасан тIадехун бугеб Къеди росдал гIадамал гочун унеб мехалъ гьезда бихьизе гIоло рокъосан къайи-цIа къватIибе босулеб, гьеб хIамузда тIад къалеб ххвелцин гьабулеб букIун буго. Къедисел жалгун дагIбадичIого рукIине гIоло хIукуматалъ ургъараб хIилла букIун буго гьеб.
Гьедин хутIи сабаблъун нижер росдал гIадамаз жидерабгун цадахъ хIалтIизабизе ккун буго Митрада, Сагьада, Инхокъвари, Гьакъо, Къеди росабазулги ракь. Гьелдаги тIаде чачаназул ракьалда бугеб Хашакь абулеб росдал ракьги хIалтIизабун буго. ТIубараб лъагIелалъ рокъоре руссинчIого, чехь гIорцIизе квен щвечIого, тIад сахаб ретIел гьечIого, кутакаб къварилъи баччун хIалтIи гьабун буго сасикьез.
Гьеб хIалтIухъ росдае кьураб, «ЗахIматалъул бергьенлъиялъе гIоло» абун тIад хъвараб чанго байрахъ букIана нижер колхозалъул кансиларалда. Цо чанго соналъ МахIачхъалаялъул хIурматалъул хъоршодаги букIун буго «РККА» колхозалъул цIар хъван. Гьеб буго сасикьезул колхозалда букIараб цIар. Гьелъул магIнаги буго «Рабоче-крестянская Красная Армия» абураб.
Гьадинал, тIилазда рухьарал ххамил чIалазги, хъоршода хъварал цIаразги гуккун колхозияб магIишат гьабулел рукIун, жегиги бахIарго гIузрулъана ва хвана нижер росдал гIемерал гIадамал. Гьелдаго релълъараб букIана цогидал магIарулазулги къисмат.
Гьеб рагъ лъугIун хадуб цо чанго соналъги, «Рагъалъ чIунтизабураб халкъияб магIишат рукIалиде ккезабулеб буго», - янги абун, долго займалги, магъалабиги, страховкабиги ракIарун халкъалъул кисиниб шагьи-пара хутIулеб букIинчIо, гьезул рокъоб къайи-матахIги данделъулеб букIинчIо.
Рагъде ун рукIарал гIолохъабазулги гIемерисел тIад руссинчIо. Руссаралги, сакъат ккун, бох-гъеж камун ва цогидалги лугбал жагъал лъун рачIана. Цо тайпа гIолохъабазул немцазухъе асирлъуде ккарабги букIана. Гьениса рорчIаралги коммунистаз, «ватIаналъе хилиплъа рал» абун цIарги лъун, 10-15 соналъ квешаб туснахъалде ритIана.
Диде гIакълу-лъай бачIарал 1947-1948 соназ бихьараб жо буго мискинаб, язихъаб, пашманаб яшавалда ругел дир росдал гIадамал.
ГIемерисел лъимал хIатIидагIицIго рукIунаан. Гьезда тIад ретIараб ретIелги цохIо гурде-тIажу букIунаан. Гьеб ретIелги гIемер гъизихараб ва гIемераб рукъи тIад бараб букIун, жиндир аслияб кьер щиб бугеб ва щиб ххамил гьабураб лъалареб букIунаан. РетIел чуричIого тIубараб хаселги унаан - гьеб тIаса бахъиндал хисун ретIизе цойги ретIел гьечIолъиялъ.
Къаси тIад регулеб бусенги жаниб хIет яги дарудел лъураб квасул ургу букIунаан. ТIаде бачунеб жоги квасул гьабураб, «цIаха» ян жинда абулеб бакIаб жо букIунаан. АнцIгоги къогоги соналъ хисичIеб ва чуричIеб, нацIцIалъ, тапца-чIетIалъ жиб цIураб, лъималазул кIущалъ туризабураб букIунаан гьеб бусен.
Гьединаб язихъаб яшав букIиналъ лъималазул черхалде тIад тIагIинего тIагIунарел тIомол унтаби рукIунаан. Бищунго захIматаб букIана ботIрода букIараб тIехI абулеб унти. ТIубанго ботIрол тIом квешаб махI бугеб чанхъги тIад чIван букIунаан.
Гьеб унти сах гьабизе кIолеб букIинчIо. Ахирабги гьеб тIагIи набуна 1955-1956 соназ Буйнахъскиялда ва МахIачхъалаялда боль ницабазда регизарун. НацI-чIетI жегиги чанго соназ тIагIун букIин чIо - жанир чIолеб рукъ, тIад ретIунеб ретIел чорокаб букIиналъ.
Дида ракIалда буго, школалда цIализе унеб мехалъ, «дуст ДДТ» абулеб цIакъ махI квешаб дару балаан цIалдохъабазул ратIлил жанисеб рахъалде. Гьеб даруялъул квешаб махIалъ нацI тIагIунаан, амма кибго тIибитIараб хIутI-хъумур букIиналъ, цо анкьалдасан цIидасанги бачIун батулаан.
1957-абилеб соналъ дун МахIачхъалаялда цIалулелъул, общежитиязда ругел цIалдохъабазул ретIел ва бусен-къай, санэпидстанциялдеги баччун лъагIалида жаниб цо чанго нухалъ дезинфицировать гьабулаан. Ай гьенибги добго нацI камулеб букIинчIо ва гьеб хаезабизе гIоло, бухIараб хIухьлал хьагазухъе бан ретIел «белъунеб» букIана.
Нижер хъизан жаниб чIараб мина букIана халалъухъе ва гIеблъухъе анлъ-анлъ метр бугеб цохIо рукъ. Гьеб рукъалъул 3 метр гIеблъи ва лъабго метр халалъи бугеб бакI, хьопалъ хьухьун къадалги гьарун, гьелда хIарщ-ракьги бохьун, батIа тIезабун букIана ва гьелда цIарги «печрукъ» абун букIана. Гьеб букIана жаниб гьитIинаб печги цIулал мангиги бугеб, цо хьибилалда цIарагI тIад лъолеб 3-4 хъоршол гьабураб мегIелиги бугеб рукъ. ГьитIинабго гордуги букIана гьелъул. Нижер хъизаналъул 5-6 чи вукIана. Гьеб хъизанги, тIаде вачIарав гьобол-гьудулги гьеб ичIго квадратияб метралъ хIебтIун рукIунаан.
Рукъалъул цогидаб бутIа букIана гордуги гьечIеб, берцинго къадазда хIарщниги бохьичIеб. Хасало тIаде къан бачIунареб гьетIараб нуцIаги букIана гьелъул, къадал цо хьибилалда риидал жаниб цIа бакулеб «тавухан» абулеб бакIги букIана. Гьениб бакараб цIадул кIкIуялъ чIегIерлъарал къадалги, чIало-рахиги букIана. Гьеб рукъалъул бокIнида, дунги дир гьитIинав вац ва кIудияй яц регулеб, хIеталде тIаде рехараб басрияб цIахаги, тIутIун тIагIунеб бугеб къохьол тIимугъги букIана. ТIубараб хаселалъ гьеб бусен хисизе рес букIинчIо ва нижер кIуш цIахаялдаса тIагIараб, гьеб бакъвараб заманги букIинчIо.
Гьаб нижералда релълъараб яшав букIана росдал гIемерисел гIадамазул. Цо-цо хъизанал дагьабго мина-рукъ гIатIидалги рукIана, цо-цо нижедасаги язихъалги рукIана.
Квен-тIех тIубанго тIагIун ракъи бугеб заман дир гIумруялда жаниб букIинчIо - цIоросаролъил хинкI-чедниги, тIехниги, картошка, гьолониги тIагIун хутIичIо. Цо риидал хурисан цIияб тIощел бакIаризегIан цохIо картошкаги нисоги кванан хутIараблъи ракIалда буго. Амма гьеб чед-хинкIалда цадахъ кваналеб жо гIемерисеб мехалъ цIам-лъим букIана.
РакIалда буго, колхозалъул гIачияздаса бечIчIараб рахьалдаса тIорахь бахъулеб машина букIана. Гьеб тIорахь бахъун хадубги рахьалда цIцIо гъун, гьелдаса хIан гIадаб жо гьабулаан. Гьеб букIана щибго жиндир тIагIамги гьечIеб, ракь гIадаб нису. Квеналда цадахъ гьекьезе гьеб хIан бахъун хутIараб риди босизе кодоб тIалагъо хьагги ккун иргаялда чIун лъималги рукIунаан. ГIемерисел гьеб щвечIого чIорого тIадги руссунаан.
Цоги ракIалда буго колхозалъул хIан жаниб лъурал къалазухъан гьеб хIан хIукуматалъе кьун хадуб нахъе хутIараб цIамул лъим (тори) босизе унел рукIараблъи - добго квеналъе дандежолъун гьеб хIалтIизабизе. Чанго нухалъ дунги дир яцги Къедире щвезегIанги ана гьеб тори босизе. ЦIоросаролъул хинкIалги гьарун, гьел жанир релъараб лъималда дагьаб цIам ва тIехги жубан гьеб гьекъолаан хинкIалгун цадахъ ва гьеб жо цIакъ гьуинаблъунги кколеб букIана. Цодагьабго нисо-хIанги жубан буцараб тIохол къай кваназе щвейги кIудияб рохел букIана.
Цоги ракIалда буго эбелалъ ниж кIиго васасе цохIо хоно белъун, гьеб кIи бекун кьурабги. Нижецаги, гIемераб цIамги тIаде бан, гьеб бащадаб хоно цо богалъе дандежолъун гIезабуна.
Сасикьез гIемерал росабазул ракьал хIалтIизарулел рукIиналъ, гьезие дагьаб щунги тIощел щолеб букIана.
Чачаназул Хашакь абулеб росулъе ине кколаан мегIерги бегун. Хасало цIакъго захIматаб нух букIана гьеб. Цо-цо гIадамал мегIер бегизе кIвечIого тIад руссунги рачIунаан. Гьенисан хIамузда тIад къан бачIунаан цIоросаролъ. Цо соналъ гьеб цIоросаролъ букIана ккалараб, жиндир тIагIам цIакъ кьогIаб. Рес-чара гьечIолъиялъ гьелъулги хинкI-чед кваназе кколеб букIана.
Рагъдаса хадусел соназ халкъалъе кумек гьабун бачIунеб ролъул ва огобалъул чIегIераб ханжу букIана. Цере хIамулги къотIун Буйнахъскиялде щвезегIан ине кколаан гьеб босизе ва гьеб сапар анцIго къоялдасаги халалъулаан.
Нарт, цIам ва ххам-квар босизе унел рукIана, ГIанди мегIерги бегун, Грозниялда щвезегIан. Гьеб сапарги цIакь халатаб ва захIматаб букIана. Грозниялда унеб мехалъ хIамузда тIад цIоросаролъул ханжу, багIаргьоло, нисо-хIан лъолеб букIана. Гьенир ругел хIалтIухъабиги цIакъго язихъаб хIалалда рукIун, кваналеб жоялъухъги гьез хисун ретIел-хьит кьолеб букIана.
Дир эбелалъул вац ГIабдулмуслимица бицунаан, жив анила Грозниялде хIамида тIад цIоросаролъул ханждал таргьаги къан. Гьениве щвараб мехалъ цо чIараб бакIалдаса вагъаризе течIого сверун руссун гIадамаз ханжу бичун босулеб букIанила ретIел хьитги жиндие кьун. Гьеб дармил байбихьуда жинца цо-цо стакан цIураб ханжу кьолеб букIанила цо лъималазул ратIлихъ. Дагьаб хадуб гIадамаз гьаранила гьеб жидееги щвезе гIоло цо чиясе бащдаб стакан гурони кьоге абун. Ахиралда жинца гьеб ханжу цо-цо гъуд цIураб жо бичанила ва гьебги хъатинибе бан, гьелда мацIги чIвалаго гIадамалги унел рукIанила.
Гьаб дагьабго бакка-бахъиги гьабун доб заманалъ букIараб мискинаб, язихъаб яшавалъул дица бициналъул мурад буго гьаб тIехь цIалулел гIадамазда лъай, гьаб заманалъ бугеб гIадин, бечелъи, эркенлъи, сахлъи-рохел кидаго букIинчIолъи. Гьелъул пикруги гьабун, гьал гIемерал нигIматал нилъее кьурав Аллагьасе Y гьез щукру-рецц гьаби ва Гьесие гIибадат гьабун, Гьев разилъи тIалаб гьабун гIадамал хьвади.

 [345] Хайбах.

 КЪЕДИБ Ф. ЭНГЕЛЬСИЛ ЦIАРАЛДА БУГЕБ КОЛХОЗ ВА КОЛХОЗНИКIАЛ

 Къедиб колхозникIазул гIаммаб данделъи.
(Колхоз щиб жо букIараб лъазе цIале. Хъваялъул къагIида хисизабичIого лъолеб буго).
Протокол №2
1960 соналъул 20 март. Данделъана Къеди Энгельсил цIаралда бугеб колхозалъул гIаммаб собрание. Собраниялда гIахьаллъана 137 го чи, гьездаса руччаби – 78 гIадан.
Гьединго гIахьаллъана Магомедов – уполномоченный. ГIазизов ПирмухIамад ва секр с/с. Магомедов Хъилич. Председательлъи гьабизе вищана Абасов Асадулагь. Секретарлъи гьабизе – Халилов ГIиса-Дибир. Гьоркьор лъезе ритIараллъун рикIкIана гьал суалал:
1. ЛъагIалил отчет ритIухъ гьаби.
2. % чIезаби переселенцаз судаялде тIад кьезе.
3. Норматив ритIухъ гьаби букIинабизе.
4. БоцIухъаби обеспечить гьари ратIлидалъун.
5. Подочеталъе гIарац босизе дова-гьани витIизе чи кьей.
6. Переселенцазе % гIарцул фонд гIуцIи.
7. Нухалъе, кьоялъе гIарац перечислить гьаби.
8. Премиялъе культ. фондалдаса отчислить гьаби.
9. Устав дополнение ритIухъ гьаби.
10. Разное.
ГIенеккана: бухг. к-за Халилов ГIиса-Дибир.
1959 соналъул лъагIалил отчет колхозалъул баян гьабуна. Кинабго таблица мухIканго цIалун.
ТIасан кIалъана колхозчагIи:
А). ГIабасов МухIамад, ГIалисултанов ГIалихъилич, ХIайбулаев Сапиюла, Дибиров ГIалидибир. Гьез баянго бицана годовой отчет гьабун букIин ревизиял тIурачIого, налъабазул хIасил гъорлъ босичIого. РакIарун районалдаса ревизоралгун, гьабизабун ревизиягун тасдикъ гьабизе ккола годовой отчет. Гурони, кибе щиб араб, щай тIоршел бичараб, щай машинаби хIалтIун хайир тIалаб гьабичIеб лъазе гьечIо.
Б). АхIмадханов Геха. Гьес гьарана росдал агьлоялъе ревизияги гьабун ккараб ками суд-дагIба гьечIого бахъейин.
ХIукму гьабуна киналго разилъун, разилъичIев гьечIого:
ЛъагIалил отчет битIараблъун рикIкIун ритIухъ гьабизе, гьелъие къиматги кьезе гьоркьохъеб.
1). Колхозалъул правлениялда тIад къазе районалдаса ревизорал ахIизе. Гьабизабизе цо чи гьоркьов течIого подочетчагIазул ревизияби. Лъил бугониги тIубан гьабичIеб батани ревизия, гьесулги ахирияб 25. 05. 1960 соналдаса кватIичIого гьабизе. Араб соналъ гIадин бичча-бихъантей отчет-учеталъул, камиязул гьечIого букIине.
2). ГIенеккана заман щвараб мехалъги колхозалда суда бецIичIони гьесдасан бахъизе 0.5% чIезабиялъул доклад бухг. к-за Халиловасул.
ХIукму гьабуна киналго разилъун:
рази гьечIев Магомедханов Расулгун, лъагIалие 0,5% чIезабизе, кватIараб къо рикIкIун бачIизе.
3). ГIенеккана 1960 соналъе бугеб норматив ритIухъ гьаби гьабунгутIиялъе бугеб доклад бухг. Халилов ГIиса-Дибирил.
ХIукму гьабуна киналго разилъун:
ритIухъ гьабун битIараблъун рикIкIине 1960 соналъе бугеб норматив. Гьениб тIад цIикIинабизе кколеб, тIаса бахъизе кколел ишазе рихьизаризе АхIмадханов Геха, МухIамадханов Расул, Османова Кабират, Ашахъанова ХIалимат. Уставалда рекъон гIадлуялде ккезабизе.
4). ГIенеккана: бухг. к-за Халилов ГIиса-Дибирил кIалъай.
Баянго бицана арал соназ гIадло гьечIого кьолеб букIин ретIел-хьит боцIухъабазе ва дояркабазе. Гьезие гIорхъи чIвараб хIалалда чIезаби.
ХIукму гьабуна: киналго разилъун:
цо-цо ретIел кьезе дояркабазе, боцIухъабазе, гIухьбузе,- завпермаясе гьечIого. Масала, 12 моцIалъ ватIалъичIого боцIуда хадур чIарал гIадамазе:
 хьитал - кIиго;
гъоркьанретIел - цо;
тIасанретIел - цо;
гIиял вехьасе цо плашги лъагIалие чIобого букIине.
боцIухъабазе, дояркабазе кьезе хьитал, гурдал аванс хIисабалда. Колхозалда букIин бихьун боцIухъабазе аванс биччазе – налъи гьечIел ругони:
24 кг. тIоршел,
4 кг. дандежо.
5). ГIенеккана: бухг. к-за Халилов ГIиса-Дибирил кIалъаялда.
Араб соналъ подочеталъе гIарац кьун буго 27 чиясухъе. Гьеб ккола гIадло гьечIолъи ва гIадада гIарац хвезаби.
ХIукму гьабуна:
подочеталъе гIарац ва колхозалъе хIажатаб щинаб жо боси, божарав, бажари бугев вукIун ГIалисултанов ГIалихъиличида тIад къазе. ГIилла гьечIого гьесухъ гуреб кьураб гIарац, кьураздасан бецIизабизе.
6). ГIенеккана: предс. к-за Лабазанов МухIамадил доклад.
Баян гьабуна районалъул переселенческий отделалдаса бачIараб приказ, херал, язихъал росдал гIадамазе кумек гьабиялъул.
ХIукму гьабуна киналго разилъун:
чIезабизе кумекалъе гIуцIулеб фондалъе гIарцул доходалдасан2%. Гьеб расход гьабиялъул ихтияр букIине правлениялъул контрольно-ревизионный комиссиялъухъ.
7). ГIенеккана районалъул дор. отделалдасан бачIараб,
кьоял раялъе, нухал гьариялъе колхозалъул гIарцул доходалдасан I% перечислить гьабеян, 1510 гъур.
ХIукму гьабуна:
КьечIого, перечислить гьабичIого тезе дор. отделалде гьеб гIарац, нилъер колхоз язихъаб букIиналда бан.
8). ГIенеккана секретарь п/п Дибировасул кIалъаялда.
Гьес баян гьабуна, Дагъистаналда Совет власть гIуцIун 40 сон тIубаялъул праздник марталъул 25-30 къоязда гьоркьоб букIин, гьелда дандчIвай гьабизе тадбирал гьаризе ккей.
ХIукму гьабуна:
Премиял кьезе культ. фондалдаса биччазе 500 гъур. Гьелги правлениялъ ритIухъ гьабураб списокалда рекъон кьезе.
9). ГIенеккана: примерный устав с/хоз отдела райисполкома,
Райком КПССалъ ритIухъ гьабураб. Уставалъ хисизе гьаризе гьал хадусел пунктал. Докладчи МухIамадов ХIайдар. Ст. 2, п. в., ст. 5, ст. 10.
А). ТIасан кIалъана Дибиров ГIалидибир. «Предложение буго устав изменить гьабизе. Уставалдаса тIокIаб боцIиги бачизе колхозалде».
Б). ТIасан кIалъана ГъазимухIамадов ХIажи. «Дир предложение буго гIемер халат гьабичIого хIукуматалъ цебе лъураб масъала каламтун тIубай. Нилъераздасанги язихъал росабаз ва колхозазги ритIухъ гьабун букIиналъ».
В). ТIасан кIалъана ГъазимухIамадов Хайруллагь. «Нижер колхоз мискинаб буго, пихъги гьечIеб, боцIиги дагьаб. Гьединлъидал нижер рес кколаро переселенческий гIарац бецIизе, гьелъ боцIиги дагь гьабизе бегьуларо».
Г). ТIасан КIалъана Лабазанов МухIамад. «Нилъеца гуребги гIемерал росабаз хисизабун буго устав. Нилъецаги нилъеда абухъе гьеб иш хисизабун тIубазабизе ккола».
Д). ТIасан кIалъана ГIубайдулагь. «Дир предложение буго гIи-цIе 25, гIака 3, цо оц, 0,50 га ракь тезе. Гьелда гурого дун разияв гьечIо».
ХIукму гьабуна киналго разилъун, рази гьечIев 13 чигун, уставалъул цо чанго пункт хисизабизе.
- Колхозалде боцIи босизе колхоз бечелъизе,
- ракь кьей букIинабизе приусадебный:
Колхозияб хозяйствоялда цо хIалтIулев чи вугони – 0,20 га ракь.
КIиго чи хIалтIулеб цIаракиялъе – 0,30 га.
Лъабго ва цIикIун чи хIалтIулев вугони – 0,40 га кьезе цIаракиялъе.
Херал колхозчагIазеги гьебго къагIида букIинабизе.
Колхозчиясул цо цIаракиялъе чIезабизе боцIул гьадинаб къадар:
- чIегIербоцIи - лъабго бетIер.
- Гьелдасан 2 гIака,
- ва 3 соналде щвезегIан бугеб цо хIайван, хIалтIул хIайван гьечIого,
- ХIама, чу, гIорцIен тезе.
- ГIи-цIани 10 бетIер.
- ТIинчI гьабиялъ боцIул къадар нормаялдасан цIикIулеб бугони, бичун пачалихъалъе яги колхозалъе кьун нормаялде бачизе.
- Нагагь колхозалъул правлениялъ бихьизабураб болжалалде нормаялде бачичIони, нормаялдаса цIикIараб боцIи мухь кьечIого колхозалъе бахъизе.
- ГIанкIаби-гургуразул къадаралъе гIорхъи чIезабичIого тезе.
- Най 20 тIалаялде щвезегIан тезе.
- Колхозалъул бикьулареб фондалде гIаммаб гIарцул доходалдасан лъагIалие 25% дагь гьечIеб къадар отчислить гьабизе.
- Колхозалъул боцIуда гъорлъ боцIи хьихьи гьукъизе.
- Нагагь колхозалъул боцIуда гьоркьоб боцIи батани, лъазабун хадуб ва правлениялъ бихьизабураб болжалалде нахъе бачичIони мухь кьечIого колхозалъе бахъизе.
- КиналгIаги колхозникал бетIергьанал кулаби колхозалъуллъун гьаризе.
- Колхозалъ хер хIадур гьабиялъул план тIубазегIан колхозникас жиндиего хер бецани, бецараб хер мухь кьечIого колхозалъе бахъизе.
- Сезонный заманалъ колхозникас гIилла гьечIого хIалтIулъ гIахьаллъи гьабичIони яги нахъе ани, гьеб заманалде щвезегIан ругел гьесул захIматкъоязда хадуб мухь кьезе 45% дагь.
- Участкаби кьей исана кватIун бугелъул, гьединго тезе 1961 соналде. ХIалтIул заман тIад щун бугелъул, гьелъий квал-квал ккезе букIиналъ.
- Уставалдасан цIикIараб боцIи нахъе бахъизе-дагь гьабизе заман чIезабизе. 1 ноябрь 1960 сон.
- Районалда (гьаб уставалъул) цониги пункт хисизабун, бихьизабураб къадаралдасан приусадебни ракь яги боцIи цIикIани, гьединго гьеб колхозалдаги цIикIизабизе.
- СанагIат ккей бихьун хисизе бухг. к-за Халилов ГIиса-Дибир, чияр росулъа вукIиналдалъун. Гьесул бакIалда ХIайбулаев Сабигула тIамизе.

Протокол цIалана, собрания къана.
Предс. собрания…………….. Абасов Асадулагь
Секретарь собр. ……………..Халилов ГIиса-Дибир
Предс. к-за …………………Лабазанов М-д.

КОКРЕК КЬЕЯН ГIАРЗА

1967 соналъул 28 декабралъ данделъана Къеди росдал им Энгельса колхозалъул колхозниказул гIаммаб собрания.
Собраниялъул председ. Х.
Секретарь собрания С. А.
ГIахьаллъана 140 чи.
Гьоркьоб лъолеб суал:
1. Импормация предколхоз А. Гьес баян гьабуна, нилъер колхозалъул колхозниказул рахъалдасан кьун букIин г1арза исполкомалде:
Къедисан 22 чиясул, хъутада чIаразул 32 чиясул, кинабго 54 хозяйствоялъул рахъалдасан гIарза кьун букIин нилъер ЦIумада районалъул исполкомалде, жидее Кокрек абулеб бакI кье абун. Исполкомалдасан бачIун букIин, 1968 соналъул планалда гъорлъеги рачун. Гьединаб баян бачIун букIин баян гьабуна предколхоз А-с.
1. Гьеб суалалда тIасан кIалъазе вахъана Л. ГI. Гьес баян гьабуна, гьеб гIарза букIин мекъаб, цо кIиго чияс жидецаго подписалги гьарун мекъаб къагIидаялъ кьураб.
2. Гьединго кIалъазе вахъана А. Г. Гьесги баян гьабуна гьебго суалалда тIасан битIараб букIин Л. ГI. кIалъай. Цониги чи гьечIолъи магIарухъан вехе гочулев ва хъутада ругезеги гьечIолъи гочизе къваригIун. Гьеб хабарги букIин жалго колхозалда хIалтIизе бокьичIого бицунеб.
ХIукму гьабуна:
КIалъазе рахъарал гьалмагъзабазул кIалъай битIараблъунги рикIкIун, цониги член колхозник гьечIолъи гочулев магIарухъан ва хъутадасан. Гьеб гьениб кьураб списокги гIарзабиги рукIин лъиданиги гьикъичIого цо кIиго чияс гьабураб жо, жидецаго чидар подписалги гьарун.
Выписка битIараб буго:
Предколхоз А. А.
Бухгалтер к/за Г. М-с.

КОЛХОЗГИ РУЧЧАБИГИ

Эбел Аминат:

- ХIалтIизе рахъинчIони бецизе бакI кьолароан, гьелдаги тIаде, нижеего бекьизе кьураб 40 сотихалдаса, тамихI гьабун гьелги къунцIулаан колхозалъ. Дида лъалеб, дун Къедиб колхозалда хIалтIизе лъугьараб 1965 соналдаса байбихьун гьеб биххизегIан, кинабгIаги рахIат я дида яги цогидал росдал руччабазда бихьичIо.
Лъимер гьабизе мех щварайгицин гьеб мех щун бугин абун рокъой чIезе рес нижер букIинчIо, гьединай гIаданалъе гьанжегIа дин декреталъул отпускайин, лъималазул пособияйин абулеб жоги доб мехалъ букIинчIо, херал ругин кьолеб пенсияги букIинчIо. Жиндирабги гьабизе кколаан гьелъ, гьебгун цадахъ колхозалъулги баччизе кколаан.
БоцIуе хер хIадуригун цадахъ кинабго рекьиги: картушка бекьараб, тIорщел хьараб - колхозалъул букIа, жидерго букIа, бухъизеги кколаан, лъилъизеги кколаан, лъилъун хадуб, октябралъул ахиралда, ноябралъул байбихьуда бакIаризе, лализеги кколаан.
Хадуб-цебе лъималазул мухъги гьабун Гьандабуриса дорехун, ГъарцIабалъа рехе, Асали, Энкокъайида тIадгицин щун гьеб хIалтIи гьабизе хьвадулаан нилъер руччаби. Цо заманалъ гьенибги гьабулаан колхозалъ харил гIарахъ.
1967 сон букIана. Колхозалда гьарулел хIалтIа биги лъугIун гIадамал жидеего хIалтIизе риччараб хаслихъ заманалъ, росги Казахстаналда ун вукIун, йикIана дунго нижерго хутIун хариний ецарулей. Харицелалъ бецизе дида лъалароан - бецулаан нилъалъ. Кумекалъе АмирхIамзал вацгIалзаби рачIун гьезги рецана рикIкIадаса цо-цо бакIал.
Ххазеги ххан, ЦIаданикь хIархьидаса гьанирехун дица гьару рал гъуназул мухъ бихьидал, мунагьал чураяв ГIубайдулаца дир якьадалда абун буго, гьаб Къеди цогIаги бихьинчиясда яги чIужу гIаданалда лъачIин, дур нусалда гIадин, харил гъунал гьаризеян.
Гьеб хер гьебго къоялъ баччун «Шаруханил хер» абулеб бакIалда гохIил рагIалдеги бахъун, гьениса бехеги цIана дица. Рокъой ячIиндал, бакъанил мех лъикIго щвечIогоги букIун нижерго хурие лъилъаризеги ана. Гьениб 5-6 хIама гIанасеб гулги лъилъун, маркIачIул мех щолеб гIужалъ рокъоеги ячIун гIачиги речIчIана, бечIчIараб рахьдал гIадлу-низамги гьабуна. Гьеб сордоялъ унтун йорчIарай дица радалиде васги[346] гьавуна.
КIиго къоги рокъоб бан, гьанжего-гьанже гьавурав гьесул киниги баччун, цо лъагIелгин бащадаб балев цогидав васасул кверги ккун хутIараб хур лъилъизеги ана.
Гьединаб захIматаб букIана некIо руччабазул хIалтIиги гIумруги. Гьанже жидеего лъимал гьаруралъухъ хъат цIун гIарацги буго хIукуматалъ кьолеб, памперсазде щун, батIи-батIиял квеназде гIунтIун кумекги буго гьабулеб. Рокъобниги къватIибниги гьабин абизе захIматаб хIалтIиги гьезул гьечIо. КIалалъа гIебедегицин чIужугIадан ягъарулей гьечIо лъимал гьаризе йигин, гьарун йигин абун. Гьединал бигьалъаби руго гьанже ясазе щун. Гьедин хутIаги Аллагьас. Доб нижеда бихьараб заманги, гьеб колхозги, гьел хIалтIабиги тIад руссун рачIунгеги. Амин.
Жиб-жиб ихдал Добагьандабурире ритIулаан руччаби, гIархъидаса магьалги гьарун хер ГъарцIабалъ пермаялде баччизе. Баччун магьгун кIи-кIи, лъаб-лъаб нухалъгIаги юссинеги кколаан щияй. Гьеб хIалтIиги гьабун бакъанида гурони рокъореги щолароан. Асалиб жаниб, Зиявдинилазул колохъеги ун, гьенисагицин баччулаан хер Энкоб пермаялде.
Лъабго-ункъго гIисинал лъимал: цоял кинигун мугъалда, цогидал - квер ккун, дагьал цIикIарал - хIама бугони, хIамида, гьечIони, цере-цере рилълъанхъун, гьелдаги тIаде - кьохорхо, харицел, лъим, квен-тIех, гьеб кинабго жоги баччун-къан унаан чIужугIадан колхозалъ кьураб норма тIубазе. Гьелдаго цадахъ кинида гъоркьан доре-гьанирехунги рухьун 3-4 гIерги баччизе кколаан, хIалтIулеб бакIалде щведал ракьулъ гьелги чIван лъимал бакъалдаса, цIадалдаса рахчизе чадир гьабизе. Гьеб хIалалда читIир гьабун руччаби хуриреги хариниреги унаго, росдал бихьинал годекIанир рукIунаан релъа-рохун харбида. Гьелги хIалтIулаан, амма руччабазул хIалтIи лъугIи гьечIеб букIана.
Гьелъул хIисаб гьабидал руччабазулги гIадаллъиян ракIалда ккола дида гьанже. Колхозалъулги лъугIун жидерго рецуде ирга щвелалде жинди-жиндир гьороб 1-2 саженгIаги харил лъезеги букIунаан гьезул къец. Гьебги, радал-бакъанида, цояб хуриса чIаран, цогидаб ссандаса бецун яги колхозалъул хIалтIудаса рачIунаго нухдаса яги лъарахъа кIуштIа бахъун. Бихьун биргадирзабаз гьеб биччалароан, биччачIолъи сабаблъун руччабазулги гьезулги гIемер рагъги букIунаан.

 [346] АмирхIамзал ИсмагIил. 

Каримил Хъатумеседо:

- Лъар бахун добехун, Сасикьехун бугебщинаб росдал ракь: ХIаждахариниса байбихьараб Асалибе щвезегIан колхозалъухъ букIана. Лъар бахун гьанибехун, росулъехун бугеб ракь колхозникIазухъ букIана. Лъабабго Гьандабуриги АсаликIалдаги бугеб, бекьизе бегьулебщинаб бакI колхозалъ бекьулаан. КолхозникIазухъ бугебги гьоркьоб бакI течIого гьезги бекьулаан. Хьалеб жоги гIемерисеб пурчIина, чIегIергьоло, картошка букIана. Бекьун хIадурараб колхозалъул ракь бутIа-бутIа гьабун бикьулаан росдал руччабазухъе хIалтIизабизе. Гьезги гьениб хьараб жо асар гьабулеб асар гьабун, лъилъулеб лъилъун, бахъулеб бахъун, лалулеб лалун, бацIцIун, хIадурун хаслихъе колхозалъул искаладалде кьолаан. Гьебги гьеб гуребги хIалтIи гьабуралъухъ кьезе кколеб мухьалда цереса захIматкъоял хъвалаан колхозникIазе, цинги, гьел захIматкъоял рикIкIун хъутадаса бачIараб ролъ, къваригIани, пурчIина ва чIегIергьоло кьолаан.
Гьединлъидал, рокъоса боцIи бичун яги къватIир хIалтIизе ун гурони хъизаналъе гIарац щолеб бакI нижер гьеб заманалъ букIинчIо. Казахстаналде унаан цо-цо бихьинал хIалтIизе. Гьедин аразул рокъор хутIарал руччаби хIалтIул кIи-кIи норма тIубазе тIамулаан колхозалъ - жидедаго цебесаги жидер россазда цебесаги.
Къедиги Сасикьги колхоз цадахъ бугеб 1965 соналъ рос Абусупян Казахстаналде анин абун тамихI гьабун дунги, дунго гIадинал цогидал руччабиги ритIана хъутаде хIалтIизе. Гьебги гIечIого, гьеб заманалъ председательлъун вукIарав Гьаквариса БагIарав АхIмадица судалдеги кьун, рокъое ячIинелде цо гIачIарги батана бахъун колхозалъе ун. Дирго гIадин цогидазулги батана цоязул хер бахъун, цогидазул боцIи бахъун.
Цо дагьабгIаги гIайиб ккарав, хIакимзабаз малъараб гьабичIев чиясул, бакIарун колхозалъул правлениягун, захIматкъоял хвезаризе хIукму гьабулаан. Гьелдаса хIинкъун малъа-малъарабги гьабун гIадамалги рукIунаан.
Гьедин доре-гьанире инеги гьукъун, лагъзал гIадин, кванихъ хIалтIизаруна гIадамал колхозалъ. ХIатIаздаги квераздаги махх букIана базе хутIун.

КОЛХОЗАЛЪЕ НУХМАЛЪИ ГЬАБУЛЕЛ РУКIАНА:

1. 1937 сон - АхIмадула.
2. 1937 сон – ПаранкIмухIамадил ГIабдурахIим.
3. 1944 сон – МухIамаднаби.
4. 1958 сон – ГIалидибир.
5. 1959 сон – Лабазанил МухIамад.
6. 1963 сон – ГIабасил Асадула.
7. 1965 сон – Гьаквариса БагIарав АхIмад (Гьеб соналъ Сасикь – Къеди колхоз цадахъ букIана).
8. 1965 сон – ГIабасил Асадула.
9. 1968 сон – ГъазимухIамадил МухIамадсултIан.
10. 1987 сон – РичIагьанихъа МухIамадрашад.
11. 1988 сон – Эчедиса Пахрухан.
12. 1991 сон – ГIалихъиличил АмирхIамза.
13. 1991 сон – Сабигулал Султанмурад.
14. 1993 сон – Мусадибирасул ГIусман.
15. 1994 сон – Юсупил ГIумар, Шава.
16. 1997 сон – ГIалил Султанмурад, Шава.
17. 1998 сон – Аларханил Шарунаби (СПК - Къеди).
18. 2015 сон – ГIабасил Руслан, Шава (СПК - Къеди).
19. 2017 сон – Юсупил ГIумар, Шава (СПК - Къеди).

ГъазимухIамадил АмирхIамза:

- Чачаналъа гочун рачIун хадув чанго соналдаса колхозалъул гIачиязул завфермалъунги, рецул биргадирлъунги тIамуна дун жамагIаталъ.
Байбихьуда инкар гьабун чIун вукIарав дида консиларалдеги ахIун: «Духъа гьеб бажаризе буго, росдалго гьариги - буго», ян кIалъана Гъазиясул МухIамад. Гьенир жанир сокIкIун рукIарал кагътазде, кинигабазде килищги битIун дица гьикъана: «Гьал кагътазда тIад цогIаги бакIалда «Бисмиллагьи РрахIмани РрахIим», - абун хъван бугищ, МухIамад?» - илан. «Гьаб цIогьазул бакI буго, дун гьанив хIалтIуларо», - ян тIадеги жубана.
ЛъикIаб абун, тIокIаб бицун, кинго течIого гьеб хIалтIи гьез дида тIаде босизабуна. Гьенив хIалтIулаго, щив вукIаниги гьеб хIукуматалъул хъулухъалда вугев чиясулгун лъай-хъвай ккун гьесухъ гIенеккидал, дида ракIалда кколаан гьел гIадамал хIукуматалъ цIогьодизе цIализарурал ратилин. ГьедигIанги жинда тIад къараб жоялъе ритIухъав, хIалтIулеб бакIалдаса жо бикъуларев чи дида гьенив данделъичIо. Гьардухъабаз данде бараб гьардухъабазул хIукумат букIана доб, ахир гьелго гьардухъабазул тIанчIаз биххизеги биххана.
Машинаялъул нухги токги росулъе бачиналъе бригадирлъиги гьабуна дица. Машинаги бачIине бугин, чирахъалги ракизе ругин абидал гьелда божуларел кIудиял чагIиги нилъехъ гьеб заманалъ гIемер рукIана. Кин букIаниги гIолохъабаз яхI баччун, гьезул кIвахI гьечIеб хIалтIиялъ гьеб иш рагIалде бахъизе кIвана. ГIемерисеб нилъер нух газаялъги хIосалъги бахъараб бугин абуни дун мекъи ккеларо. Гьенив хIалтIулаго хIалги щун унтун вегун вукIана дун тIоцебе машина росулъе бачIанин абун дида рагIизабизеги гьеб иш «чура-хулизеги» квана-гьекъолеб жогун дихъе Сурхайил АхIмадхангун цадахъ гIолохъаби рачIараб мехалъ.

ХъазилмухIамадил Завурбег:

- Совет хIукуматалъул заманалъ росдал тIасияб рахъалъул гIиязул хасалил журай букIана нижерги АмирхIамзалги бокьахъ бикьун. ГIи рикIкIине хIукуматалъул хIалтIухъаби рачIине ругин хабарги щун, цо къоялъ радакь вахъун Гъанбулат ана гьезул цо бутIаги бачун Чалахове гьел рахчизе. Радал хIукуматги тIаде щун бокьор хутIарал гIиял рикIкIунел ниж рукIаго, бокьалда тIад бугеб рукъалъул рагъидахъан ваккана гьанжего гьанже кьижун вахъарав, жеги гьитIинав Муса. Лъулъан бералгун гIиязухъги балагьун: «Нилъер дугIби рихьулел гьечIогурищ гьанир», - ан абуна гьес ургъел ккун. Гьесда кIалъазеги лъачIого ниж цоцахъ балагьун хутIана. ХIукуматалъул чагIиги гьесухъ ралагьана, амма щибго абичIого, батараб къадар гIиязулги хъван нахъе ана.

КЪЕДИБ МАДРАСА

ГIисалмухIамадил ХIайдарбег:

- 1970 соналъ Къедиб ЩагIбанил рокъоб мадрасги рагьун росдал васазда Къуръан малъулев вукIана Митрадаса ХIасанхIажи. Лъабго моцIалъ хIалтIана гьеб мадрас. Гьенив цIалулев вукIана 18 чи. Рега-рахъиги, квана-гьекъейги гьезул гIемерисезул гьениб жанибго букIунаан. ХIухь бахъулеб къоги гьезул букIинчIо.
Доб заманалъ тIахьал гIоларого цIакъ захIматги букIана цIализе. МугIалимас тетрадалдаги хъван кьезе кколаан тIехь гьечIесе дарс. Гьеб мадрасалда мутагIилзабилъун рукIана: дун, ГIабдулгIазизил Юнус, ГIабдукаримил МухIамад, Аларханил Шагьрунаби, МухIамадханил МухIамадил ГIусман, Зубайрил МухIамад, Писирханил МухIамаднаби, Ашахъанил Ильяс, Асадулал Анварбег, Шамсудинил Расул.
Гьев Расул колхозалъул учетчиклъун вукIана, вугониги дарс босизе вачIунаан. Цогидал ракIалда щведал хъвала.
ТIубанго Къуръан нижеца лъугIараб-лъугIичIеб дида ракIалда гьечIо, лъабго моцI цIалделаго индал ХIасанхIажица ниж рачана ШагIбанил рукъалда цере. Гьенир ракIарун ругоан росдалго гIадамал. ГIалихъиличги Гъазиясул МухIамадги гIенеккизарун, ниж Къуръан цIализеги риччана. Хадуб нижер щивасул эбел инсуца мугIалимасе цо-цо кьегIер-лемагги кьуна.
Гьелда цереккун, гIага-шагарго 1968 соналъ ЦIунтIаса ГIумаров Каримулада цере Къуръан цIалулел рукIана ГIисалмухIамадил МухIамадгерей ва АхIмадгерей, ГIубайдулал ХIайбула, ХъазилмухIамадил Надирбег, Исрапил МухIамад, ГъазимухIамадил Муса, Гъамбулатил МухIамад, ГIалидибирасул ГIабдумутIалиб ва цогидалги. Гьеб къокъа цIалана кIигогIаги соналъ.
Коммунистазул заман букIаниги Каримулаца хIинкъичIого дарсал кьуна гьезие. Гьес дида бицана жиндир мугъчIвай букIанин районалъул хIукуматалда гьоркьов хIалтIулев вукIарав дир эмен ГIисал МухIамадида. Гьениса цIех-рех бачIине букIин гьес лъазабулаанин жинда ва гьединал гIужаз мадрасги къан лъимал рокъо-рокъоре ритIулаанин. Гьединаб иш бугони ХIасанхIажица нижги ритIулел рукIана нижерго тIахьалгун рокъоре.
Доб квешаб заманалъ, гьеб кIиябго нухалъ гIадин росдалго васазда Къуръан малъизе мадрас рагьун букIараб заман цоги дида ракIалда гьечIо.

(Хадусеб 7 бут1а. "СССР биххун хадуб заман")


Рецензии