Къеди ва къедисел. 7 бут1а. СССР биххун хадуб зама
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 7
Постсоветский период.
(На аварском языке)
Вступление
ЦЕБЕРАГIИ
Кинаб къагIидаялъ лъица гIуцIараб, щиб тайпаялъул пачалихъ гьеб СССР букIарабали тIехьалъул гьалда цебесеб бутIаялда бицун букIана. Рехсон рукIана гьелъул церехъабазул цо-цо мунагьал ва гьел мунагьал сабаблъун халкъазде рачIарал балагьал. Кин букIаниги, кинабго жо гьениб квеш букIанин абиги битIун гьечIо. Гьай-гьай рукIана лъикIал рахъалги. Гьезул бищунго кIвар бугебин рикIкIунеб буго, ракьал хIалтIизариялдалъун бачIунеб хайиралда тIад гIуцIараб (аграрная) пачалихъалъул экономика къокъабго заманалда жаниб завод-фабриказул (промышленная) экономикаялде сверизабизе кIвей. Гьеб цебетIей СССРалда ккана 1930 соназда.
Гьеб хIужаялъул бицине цIакъ бокьула жакъа ругел сталинистазеги коммунистазеги. Гьединго бокьула КIиабилеб дунялалъул рагъда бергьиналъулги, атомалъулаб ярагъги гьабун, дунялго хIинкъун чIезабизе кIвеялъулги, космосалде роржиналъулги бицине. Амма, щаялиго, гьединаб къуватаб, цебетIураб пачалихъалъ бачIо 70 сонцин ва цо тIуманкIцин кьвагьичIого биххун тIатIалаги ккана. Бихха-бичун, букIинего букIичIеб гIадин тIагIана гьелъул «цIар рагIараб» экономикаги, бащдаб дунялги хъатиниб ккун, гьебги хьихьун букIараб коммунист партиялъул сиясатги, гьелда бухьарабщинаб жоги.
Гьеб гьедин биххиялъе ккарал сабабазул бищунго кIвар бугеб буго коммунистазул гьел бергьенлъабазухъ СССРалъул халкъаз кьезе ккараб багьа. Гьеб цIакъ кIудияб букIана, амма, щаялиго, гьелъул бицине гьел коммунистазул муридзабазе бокьуларо.
СССР биххараб 1991 ва цIияб Россия гIуцIизе байбихьарал 1992-1993 соназ Москваялда букIараб хIапур-чапуралъул асар Дагъистаналъул магIарухъ хъвачIо. Советалги рукIарабго къагIидаялъ жидерго советлъи гьабулел рукIана, колхозалги, гIадат батараб къагIидаялъ, гIадамалги хIалтIизарун парахат рукIана. Хисараб жо букIана цохIо гьезул консиларазул тIохазда тIад байрахъазул кьер. РукIана багIарал, лъугьана лъабкьерал. Пачалихъалъул щибаб колодагицин рукIарал Ленинил гьурмалги тIагIана. Цоял рекана, цоял рухIана, цогидал басрияб махх босулел чагIазе ричана.
СССР биххизе цересел соназдаго гIадамазул гIумруялда жанир лъугьарал цIиял жал рукIана: дин гьабизе эркенлъи, ракIалда бугеб жо хIинкъичIого бицине рес, даран-базар гьабизе изну, къватIисел пачалихъазде ине изну кьеялъулъ бигьалъаби.
Росабалъ мажгитал цIи гьаризе байбихьана, лъималазда исламалъул гIелму малъулел бакIал рагьана, гIадамал хIежалде риччана, СССРалда букIинего букIинчIеб гIадаб къайи-цIа, ретIел хьит къватIисел пачалихъаздаса бачIине байбихьана, дагь-дагьккун рокъосанги къватIисанги гIадамазул гIумру берцинлъана.
Къедиги 1988 соналъ байбихьана, гьелде щвезегIан тIохги бортун, къадалги риххун чIунтун букIараб росдал мажгит цIи гьабун къачIазе. Гьениб хIалтIи гьабизе тIаде босун букIана Насрудинил Писирханица. Кумекалъе хадуй гьесул чIужу Гьадигатги хIалтIун, гьоркьо-гьоркьор росдал гIадамалги гIахьаллъун мажгит бана ва тIекъана. Гьелда жаниб цIулал хIалтIи ГъазимухIамадил АмирхIамзацаги гьабуна, цоги-цогидазги жидеда бажарараб жоялъе квербакъана.
Гьел соназдаса нахъе гIемер чи ана къедисезул хIеж тIубазе. 70 соналъ коммунистаз къан букIараб нухги рагьун рохарал ва жидер фарз тIубазе бокьарал гIадамал кинаб букIаниги машинаги хIадурун, гьелдаги рекIун унаан Маккаялде. «ЗИЛ - самосвал» абулеб машинаялда тIад тIекъелги рега-рахъулеб бакIги гьабунгицин ана цо-цоял. СагIудиязги нилъер гIадамал кин рачIаниги къабул гьарулел рукIана, гIемерисеб жо гIарац босичIого тун кумекги гьабулеб букIана.
Жидер гIузрабазул бицун эркенго кIалъазе рес швараб къоялдаса нахъе къедисез байбихьана, 1944 соналъ росуги гочун, чияхъ кьун рукIарал ракьал тIад руссинариялъул хабар. Цо-цояз гьел калам тун нахъе кьуна, кьеларин чIаралги рукIана. Гьеб сабаблъун 1991 соналъул риидал кIудияб дагIба ккана Къеди - Сасикь росабазда гьоркьоб.
Нухал къан, ток-лъим къотIун, гIалахалде, мугIрузде боцIи ине гьукъун, ярагъги борчун бахъун чIун букIана кIиябго росдал жамагIат чанго моцIалъ. Гьеб хIалалда гьел ругониги, хIукуматалдаги букIинчIо гьабизе кIолеб жо. Районалъул росабалъа жамагIаталги, МахIачхъалаялдаса, Хасавюрталдаса, Болъихъа ва цоги-цоги бакIаладаса гIалимзабиги, гIемер чагIи хьвадана гьел къояз Къедиреги Сасикьеги, гьезда гьоркьоб гьабизе маслихIат цIехолаго.
Ахир-къадги гьеб маслихIатги гьабун кIиябго росу гIодоб чIедал силдазги байбихьана сасикьезулгун дагIба, Игъадахъ магIарде гьезул боцIи биччаларин абун. Гьеб кIиябго росдал гIатIиракьалда гIумру гьабун вугевщинав чиги магIарухъе вакIарана, ярагъгун, матахIгун мугIрул ккун, щобал ккун рагъде хIадурлъана.
Гьеб ишалъулъги, ярагъгун гьечIониги, къедиселги гIахьаллъана, гьакъоселги рахъана, рикIкIадаб ГIахьвахъа кIкIаралалгицин рачIана. Гьел киназго абулеб букIана мегIер жидер бугин, жидер гьечIин абулел, амма хIукуматалъги кьун гьеб жидехъ бугел сасикьел гьениса нахъе ине кколин.
Пал-хIасил, хIукуматги, цIаларал чагIиги, цоги-цогидал росабалъа жамагIаталги тIаде хьвадун гьенибги маслихIат гьабуна. Игъадахъ къедисезул щобда хандакъалги рухъун, гьенир пулеметалги лъун, рии тIамурал силдадерие гьениса 500 гектар ракь щвана, гьелъул бакIалда хисун Кочубеялъул авлахъалдаса 1000 гектар сасикьезеги щвана, кьижизе рокъореги ун годекIабахъ харбида рукIарал къедисездаги цогидал дагIбадулездаги берцин чIаян, чIечIони, чIезаризе ругин хIукуматалъги лъазабуна.
Гьелдаса хадур ккарал кIвар бугел лъугьа-бахъиназдаса буго 1994 соналъ Чачаналъ багъарараб рагъ.
Россиялдасаги ратIалъун жалго жидедаго чIараб пачалихъ гIуцIизе лъугьарал чачаназ жидер ракьалда букIарабщинаб Россиялъул аскар, ярагъги гъоркь тезабун 1992 соналъго нахъе регIун букIана. Гьеб хIал гьедин теларин лъугьараб Ельцинил хIукуматалъ 1994 соналъул хасало гьезулгун рагъ байбихьана ва гьеб рагъ 1996 соналъул риидал мех щвезегIан халалъана. Кинго чачаналги къезаризе кIвечIого, гьеб соналъ Россия хIажатаблъун ккана гьелгун гара-чIвариял гьаризе гIодор чIезе ва гьел гара чIвариязул хIасилги букIана аскарги нахъе бачун чачанал парахат тезе Ельцин разилъи.
Гьел соназ Къедибги букIана Россиялъул аскаралъул цо къокъаялъул чIей. Байбихьуда гьел Гьакъобе унеб гIансикIкIалалъул аххада рукIана дугъалги чIван, хандакъалги рухъун. Цинги, росдахъа изнуги босун, Энко букIараб колхозалъул пермаялда жанире рахъана. Хадур гьениса ГьитIинаб рохьалъул майданалде ана ва гьениб кIудияб аскар рештIаниги гIолеб бакI гIуцIана. Танкабазде щун, гIарадабазде гIунтIун камураб ярагъ гьезухъ гьениб букIинчIо. КIиабилеб чачаназул рагъ бугеб заманалъ, Бисилкьурабазда тIасанги ралагьизарун, гьенисан Чачаналъеги кьвагьулаан гьез гьел гIарадаби.
Ярагъ гIемер букIаниги, рукIа-рахъин, квана-гьекъей цIакъ мискинаб букIана гьел соназ Россиялъул аскариязул. Ракъарал солдатал, апицерзабаздаса балъго яги изну босун, кванихъ хIалтIи цIехон гIемер рачIунаан Къеди-Сасикь гIумру гьабун ругел гIадамазул рагьабазде. Гьедин рачIарал гьез ракьги бекьулаан, рециги гьабулаан, бокьалги рацIцIунаан. ТIасан бахъунниги, часталдаса бикъунниги, ретIел, гьединго патираби, машинабазул тIагIелал, кинаб букIаниги кванихъ хисунги кьолаан, ричизеги ричулаан.
Жеги Чачаналъ рагъ бугеб 1996 соналъ Хелекь гIияда вукIарав ГIабдумаликил Сурхай вачун ун ватана чачаназ. Нужер гIадамаз жидер якал чIван ругин, гьел рецIизе ккезе ругин абизе[347] Къедире рачIунел гьезул вакилзаби гIалахалдаса росулъе вачIунев Сабигулал ХIабибида хадур гъун руго.
Цоги хабар буго, гIурул мухъалде ралагьун жидерго ишалъе унел чачаназул разведкаялъул гIадамал рукIун ругин гьелин абун.
Кин гьеб букIун батаниги, хIасил, тIад бараб ярагъалъ черх цIурал гIадамал лъикIлъиялъе рачIунел гьечIин ракIалда ккарав ХIабиб, ахIи базе абун векерун росулъе инехъин вукIун вуго, гьеб бокьичIел боевиказги гьесул бохалда туманкI речIун буго ва, дару сабаб гьабун нухда гьевги тун, тIад руссун ун руго. Гьедин унаго данделъарав Сурхайги гъоркьлъалие вукIине абун цадахъ вачун вуго.
Сурхайица чанго моцI бана Чачаналъ. ХIакъикъаталдаги, якал чIварал гIадамаз, гIарацги бакIарун гьебги бецIун гурого нахъеги виччачIо. БецIизе бихьизабураб гIарац гIемер букIун, гьеб дагь гьабизе ва Сурхай чачаназухъа нахъе виччазавизе гIоло бищунго пайда ккараб хIалтIи гьабуна МухIамадсултIанил АхIмадица.
Гьел соназ лъугьа-бахъараб, росдал тарихалда бицине ккараб иш буго Къедиб колхоз биххи ва гьелда жаниб букIараб росдал гIаммаб магIишат, боцIи-панз гIадамазе бикьи. Гьединабго иш буго 1995 соналъул риидал, эхеса-эхедеса къедиселги ракIарун Къедиб тIоцебе росдал къо гьабиги.
Гьеб къоялъ къедисезги гьезул гьалбазги Нохъода гьекъараб кванараб жоялъул цIикIарасеб бутIа букIана колхозалдаса босараб. Гьединлъидал, абизе бегьула, колхозин абулеб жоялда тIад къедисез цIцIараб ахирисеб кьарияб хIучч букIанин гьеб байрам.
Гьениса тIокIлъараб ва гьеб соналде колхозалъул рехъалъ хутIун рукIарал дагьалго хIайваналги цо 400-500 чахъуги, магIарухъ ругел, бищунго гIемер гьеб колхозалдаги хIалтIарал, гIакъубаги бихьарал гIадамаз жидедаго гьоркьор рикьана. Гьединго рикьана Шаваялда хутIун рукIарал дагьалго хIайваналги. Гьенир ругел гIадамалги гьеб колхоз гьабулаго унтарал, херлъарал рукIана.
Жидерги умумуз гьеб колхозалда жанибе боцIи рехун букIанин, гьединлъидал жидееги гьениса бутIа кьезе кколин абун, гьеб ишалда сверухъ гIемераб разилъи гьечIолъи, хабар букIуна 1958 соналдаса нахъе гIатIиракьалда гIумру гьабун ругел цо-цо къедисезул. ШаргIалда рекъон гьез бицунеб жо битIараб батизеги бегьула, амма, нижер хIисабалда, жидерго росуцояздаса, гIагарлъиялда тIасаги лъугьун, гьез гьеб жидер бутIа гьезие хIалал гьабун тани маслихIат букIина. Росуги тун, колхозги тун жал ине ккараб гьеб 1958 соналдаса нахъе колхоз гьабулел рукIарал гьезда бихьараб гIакъубаялъе гIологIаги.
1996 соналъ, Россиялъул аскарги нахъе къотIун чачаназ жидер ракь эркенаб, лъидаго бачIеб улкалъун лъазабуна. Эркенлъи бокьаравщинав чиги жидехъе ахIана. ГIуцIана хIукумат, аскар, къотIана гIарац ва гьаруна цо-цо къватIисел улкабазулгун гьоркьорлъаби.
Гьелдаса нахъе араб 2-3 соналда жанир батIи-батIияб пикруялъулги гьунаралъулги гIемерал гIадамал ракIарана эркенаб Чачаналъ. Исламалъул гIелму цIалулел мадрасал рагьана, ярагъги рагъги малъулел бакIал гIуцIана.
Гьенире хьвадана Дагъистаналдасаги гIемерал гIолохъаби ва Россиялъул хIукуматалъги гьелде берал къанщун рукIана. Россиялдаса Дагъистан батIа гьабизе кколин, гьелъие хIадурлъулел ругин жалин абун рагьун бицунел гIадамазул цо тайпаги букIана гьеб заманалъ Чачаналъги Дагъистаналдаги. КIуди-кIудиял хIакимзабазул кабинетазда жанибгицин гьеб хабар, щаялиго, бицине гьукъараб букIинчIо.
Гьеб ишалъе хIадурлъулел дагъистаниязги гIуцIана Чачаналъ цо бо. Гьеб боялъул амирлъун вукIана Санкьадаса Багьавдин.
1999 соналъул риидал Багьавдиница Россиялда рагъ лъазабуна ва бачун жиндирго аскаргун, ярагъ-матахIгун Къиялъа жаниве Ункъракьалде вачIана.
МагIардаса баччизе кIвечIеб квен-тIех, цIатари, яргъил сурсатал, ЦIумада хIукуматалда гьоркьор ругел цо-цо жидерго гьалмагъзабазулгун дандги бан, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутаталги цере лъугьун, шагьранухалъ баччун Эчеди-майданалдеги щвезабуна.
Гьенибги Россиялъул хIукуматалъ гьезулгун кIудияб дагIба гьабичIо, Хъварши кьодаса гъоркьехунги рачIинчIого парахат рукIаян тана.
Гьедин, Эчеди-майданалдаги Хъвайни-хьондаги гъазаваталъул чIегIерал байрахъалги рорхун, нухазда пулеметалгун рагъухъабиги лъун, гохI-щобазде гIарадабиги рахинарун Багьавдинил аскар Ункъракьалда щулалъана.
Гьеб бихьарал ва Россиялъе гьелъул ургъелго гьечIин ракIалде ккарал бакIалъул гIадамазги кватIичIого Багьавдинил ахIиялъул рахъ ккун кIалъазе байбихьана ва Агъвалиб бугеб «цIогьабазул» хIукуматги хисизе кколин, гьениб исламалъул гIадлуги щула гьабизе кколин бицана.
ЦIумада район жидехъе кодобе кьезе гьабураб «къотIиялда» рекъон, 1999 соналъул 2 августалъул сардилъ, рекIун жидерго машинабигун, бачунаго такбиргун, Багьавдин имамасул муридзаби Дачаялда милицазул хъаравуллъи бугеб бакIалде щвана. Гьенир гьеб сордоялъ рукIарал милицазда гьоркьов гьеб къотIи цIаларав яги лъалев чиги ватичIого, кIияздаго гьоркьоб кIудияб кьвагьа гIанхъиги ккана. Гьелъул хIасилалда чIвана лъабго милициялъулав. Багьавдинилазеги гIезегIан чи камуна, лъукъаралги рукIана.
Жалгун «рахчирукъ» хIазе Россиялда ракIалда гьечIолъи гьеб бакIалда бичIчIарал гъазаватчагIазул гIемерисел гьенисанго нахъруссун рачIарабго нухалъ Къиялъе ана, хутIараздаги, кватIичIого вертолеталги аскарги тIад гъун, Ункъракьалъулги къиялазулги щоб бахинабуна.
Дачаялда чIварал милицазда гьоркьоса цояв вукIана Къедиса Сабигулал Сулейман. ХIисаб гьабураб мехалъ гьел гIолохъаби гьеб бакIалда, гьеб заманалъ ккун руго жидеда иргацин гьечIого, цогидал, ирга бугезда цереса. Гьелъги бицуна, гьеб сордоялъ Багьавдинилал Агъвалире рачIине рукIин районалъул хIакимзабазда лъалеб букIараблъиялъул ва цо-цо гIадамаз жидееги жидерго гIагаразеги цIодорлъи гьабун букIиналъул.
Гьел къояз ккарал гьединал ишаз гIадхазарурал ва сон церекъадги Багьавдинил гъазаваталъул рахъ ккун кIалъалел рукIарал гIадамал къокъаб заманалда жанир тIуранго гьелдаса руссана ва, жидехъе ярагъ кьейин гьел хъачагъалгун рагъизеян гьаригун, Агъвалиб милициялде рачIана.
ЦIумада районалъул росабалъ гIуцIана цоял «контрактникалин», цогидал «ополченцалин» цIар бугел, яргъидалъун хьезарурал къокъаби. Гьебго моцIалъ Болъихъе, гьединго Новолакалде Чачаналъан рачIарал Басаевасул рагъулал гIуцIабиги Дагъистаналдаса нахъе къотIун, Карамахи-Чабанмахи рукIарал рагъулал жамагIатазда тIад лалги тIамун араб Россиялъул аскар Чачаналъ щулалъизегIан риххизеги гьаричIо.
Гьел рагъазулъ цогIаги бакIалда ЦIумада районалъул яги къедисезул ополчение гIахьаллъичIо. Гьезда тIад гьабун букIана росабалъ ва сверухъ ругел мугIрузда хъаравуллъи гьабиги гIадлу низам цIуниги.
[347] Чачаназ бицараб, чачаназул версия.
РАКЬАЛ САБАБЛЪУН ДАГIБА
«НИЖГИ БЕСДАЛ ЭБЕЛАЛЪУЛ ГУРЕЛЪУЛ»
«БагIараб байрахъ» казият, 1990 соналъул 10 октябрь.
Сталиница Гьоркьохъеб Азиялде чачанал ритIун хадуб, 1944 соналъуд 6 апрелалда ЦIумада районалъул нижер Къеди росдал гIадамал нижер кинаб букIаниги разилъиги гьечIого, хIал гьабун гочинаруна Ведено районалъул ракьалде. Гьеб гьикъичIого бачIараб балагьалъ гIемераб къварилъи хIехьезе тIамуна ниж. Ихдалил гьаваги бакIги хисиялда бан гьенире унаго нухда ва ругьунгуреб ракьалда гIемерав чи унтана ва хвана. Хасго гьеб ахIвал-хIал хIехьезе кIвечIо херал гIадамаздаги гIисинал лъималаздаги. Бищунго пашманлъизе ккараб жо: щвечIо гьезие рижараб росулъ хобал, рукъизе ккана цоял гьанир, цоял дора.
Гьеб гуребги Къеди росулъ квер хъвачIого хутIана нижер гIумруялъ данде гьабураб магIишат, щибаб къоялъ хIалтIизабулеб кванил цIарагIалде гIунтIунги. БакI ккун букIаго абун телин, жакъа къоялдеги щвечIо нижее гьелъухъ рецIел. Заман захIматаб букIиналъ рукIинчIо нижер бицинегIанал нахърател гьабурал кванил сурсаталги. Кинаб букIаниги транспорт хьвадулареб Къеди росулъа рукIаралгицин цадахъ росизе санагIат рекъечIолъиялъ ракъул гIазабги хIехьезе ккана нижеца.
Гьелъул гуро нижее гьаб кагътида бицен гьабизе бокьун бугеб. КочIохъе абухъего, «араб батиларо, тараб щвеларо». Аслияб суал буго батIияб.
КПССалъул обкомалъул ва ДАССРалъул Министерзабазул Советалъул хIукмуялда рекъон чачаназул ракьалде гочине кколаан жидер ракьул къадар дагьал, ай гIумру гьабиялъе санагIатал шартIал гьечIел бакIаздаса гIадамал. Гьеб хIукму ритIухъаб куцалда тIубазабурабани, росу тезе кколаан, нижеца гуреб, нижералдаса гIемерго ракьги дагьал, хадубккунисеб яшавалъе ресалги мукъсанал цогидал росабазул гIадамаз.
1957 соналъ бачIана цоги цIияб балагь. Гьанжего гьанже чачанал ватIаналде тIад руссиналда бан, Ведено районалдаса нахъе ритIана, гьеб 15-гIан соналъ гьабураб магIишатги хIурудахъ биччан.
Ниж гочине кколаан цIидасан нижерго Къеди росулъе. Амма гIатIиракьалда щущарал нижер росдал гIадамазул гIемерисел хутIана лъарагIлъиялда ва цогидалги бакIазда. ГIемерисел ана нижер росдада тIад щула гьабураб Бабаюрт районалъул ракьалда бугеб «Шава» хъутаде. Цо-цоял ана «Аксай» совхозалде. КигIанго гIагараб росулъе руссине бокьун букIаниги, гьениб магIишат гьабизе шартIал рукIинчIолъиялъ, лъебергогIанасеб цIараки гурони, Къедибе нахъ буссинчIо. Ведено росдал Ленинил цIаралда бугеб, анлъго росдал дандбараб колхоз биххулаго щвараб 300 бетIер гIи-цIаназулги 40 бетIер чIегIерхIайваназулги букIана нижер.
Къедисел рижараб ракьалде рачIин ЦIумада районалъул нухмалъулезе букIана цIияб жолъун, мухIканго абуни гьел хIадурлъун рукIинчIо нижгун дандчIвазе. Гьеб бихьулеб букIана нижеца квер босун таралдаса чIунтизабураб росдал гьумералдасанги.
Ниж гьенире рачIиндал цIидасан Къеди росдал Энгельсил цIаралда бугеб колхоз гIуцIана. Чачаналъе гочарал гIадамазе жидер 1936-44 соназда рукIарал ракьал нахъ руссинаризе КПССалъул обкомалъ ва ДАССРалъул Министерзабазул Советалъ гьабураб хIукмуялъул кьучIалда нижееги нахъ буссинабизе кколаан цебеккун букIараб 6400 гектар ракьул.
КъотIи гьединаб букIаниги, хIакъикъаталда нижее щвана гIицIго 2800 га гIанасеб ракь. ХутIараб ракьул 500 гектар кьуна мадугьалихъ ругел сасикьезул ва 800 гектар Гьимерсо росдал «Бергьенлъи» колхозалъе. БакътIерхьул рахъалда бугеб 2400-гIанасеб гектар кьуна добго сасикьезул колхозалъе, риидалил мучIдул хIисабалда пайда босизе.
Баянаб жо, нижер гIадамал разилъичIо къедисезул букIараб ракьул гьеб садакъа гьабиялда. Доб заманалда партиялъул райкомалъул тIоцевесев секретарлъун хIалтIулев вукIарав, гьанже МахIачхъалаялда гIумру гьабулев (Грозненская, 36) ГIисаев ШапихIажица абуна нужер колхоз рукIалиде ккарабго ва хIалтIизабизе рес рекъарабго гьеб ракь 3-4 соналдаса нужехъе нахъ буссинабизе бугин ва къедисел гьабсагIат гьеб бикьа-къотIиялда разилъун чIезе кколин.
Щибха гьелъул ккараб?
Югалъул рахъалдасан сасикьезе кьураб 500 гектаралда тIадеги бачIун буго, ракьазул гIорхъи-зани бихьизабураб картаялда, 290 гектар нижер. Гьелъул - 130 гектар рекьул ва бецизе ярагьунебги. ........ гьелда бихьизабун буго гьеб пайда босизе рес гьечIеб ракь букIанин. Бихьулеб букIахъе, цо хасал гIадамазе гьелдасан жидеего хайир ккун буго, гуребани мекъаб акт гIуцIизе гьел лъугьинароан.
Гьанже нижер Энгельсил цIаралда бугеб колхоз ккола районалда церетIуразда гьоркьоб рикIкIунеб магIишат. Жакъа къоялда колхозалъул буго 4400 гIи-цIани ва 315 чIегIерхIайван. ЛъикIал хIасилал руго гьан ва квас пачалихъалъе бичиялъулъ, рахьдал къадаралъул рахъалъги районалда бихьулеб бакI ккола. Гьеб гуребги къедисезул колхозалда гIезабулеб буго пайда лъикIаб гIиги.
Ахираб заманалда росулъе тIадруссун рачIана ва рачIунелги руго гIатIиракьалда гIумру гьабулел рукIарал гIадамал. Гьединго гIун бачIана гIолилазул хIалтIул кверги. Гьеб киналъго рес кьолеб буго нижер колхозалъул букIинесеб жеги лъикIаблъун лъугьинабизе, тIадегIанал хIасилазе гIоло къеркьезе.
Гьелдаго цадахъ борхана росдал социалияб рахъги. ГьабсагIат Къедибе квалквал гьечIого хьвадула автотранспорт, къоялдаса къоялде цIикIунеб буго гьанжесеб къагIидаялъ рарал минабазул къадар. Къокъго абуни, нижер росуги лъугьун буго заманалъул тIалабазда рекъон гIумру гьабиялъе рес бугеблъун.
Гьеб кинабго лъикI бугин тезе бегьилаан, гьениб добго ракь гIун гутIиялъул къварилъи гьечI****и. ТIад буссинабичIо нижер цо гектарцин доб къотIиялдаса хадуб щвараб 2800 гектаралде. Цебеккун рукIараздаса 4 нухалъ гIадамал дагьлъаниги, сасикьдерихъ цIунун хутIун буго нижер гьез ккун букIараб ракь. ТIадежоялъеги нижер Шава хъутадаги руго гьезул гIадамал. Гьанибго бицинчIого гIоларо байбихьуда колхоз гIуцIулаго, нижее хъутаналда кьун букIараб 1100 гектар ракьалдасаги ниж Веденоса рачIиналде 260 гектар кьун буго Эчеди ва Лъондода росабазул колхозазе. Гьебги нижее нахъ буссинабизе кколаан.
ТIадехун бицаралъул хIасил гьабун абуни ниж, сверухъ ругелщиназ ракьалги рахъун, къварид гьарун руго. ГьечIо нижер гьариялъухъ балагьизе лъиениги бокьулеб. Ракьул унтараб суал рукIалида ккезабизе нижер росдал жамагIаталъ гIарз бахъинчIеб бакI районалъул ва республикаялъул идарабазда цониги батиларо. Пайда щиб, гьелъул кколеб хIасил гьечIеб мехалъ. Киназдаго ракIалда кколеб буго ниж бесдал эбелалъ гьарурал ратилин. Гуребани сверухъ ругезе ритIухълъи-тIекълъи батIа бахъулареб заманалъ садакъаде кьурал нижер ракьал нахъ руссинариялъе, лъикIаб ……….. ги, тадбирал гьарилилан ЦIумада районалъул ва республикаялъул партиялъулгун пачалихъалъул тIадегIанал идарабаз.
РакIалде ккола «БагIараб байрахъ» газеталъул редакцияниги нижер къварилъиялъухъ балагьилин ва гьаб кагъат газеталда бахъилин, гьединго бажарараб кумекги нижее гьабилин.
ЖамагIаталъул гьариялда рекъон кагъат хъварал:
М-с. ГъазимухIамадов.
ГI. ГIусманов.
И. МухIамадов.
ГI. ГIалисултIанов.
А. ГIабасов.
С. Сапиюлаев.
З. НурмухIамадов.
ГI. Насрудинов.
А. ГъазимухIамадов.
………………………………………………
ГЬИТIИНАБ РОХЬ ВА МАЙДАН
(АмирхIамзал МухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса босараб).
1991 соналъул 13 маялъ(?) Агъвали росулъ данделъана Силди, Къеди, Гьакъо, Сасикь росабазулгун районалъул ва республикаялъул хIукуматалъул вакилзаби. Гьединго гьеб данделъиялде ахIун рукIана Агъвали росдал мажгиталъул имам ПирмухIамадов СайидхIосен, Болъихъ росдал имам Рамазанов МухIамадхIабиб, хуштадисезул имам ГIазиев МухIамадсаид, ТIинди росдал имам МухIамадов ХIамзат.
Гьеб рехсараб ункъабго росдал вакилзабилъун гьенир рукIана:
Сасикьа:
ХIажиев СаидахIмад,
ГIисаев АхIмад,
Зирайлов Шагьидхан,
Керимов Гьабо.
Къедиса:
ГIалисултIанов ГIалихъилич,
ГIабасов Асадула,
МухIамадханов Гъанбулат,
ГъазимухIамадов МухIамадсултIан,
ГIусманов ГIабас,
ГIалихъиличев АмирхIамза.
Гьакъоса:
Пирбудагъов ГIабдухаликъ,
Ибахъов МухIамад,
Пахрулаев МуртазагIали,
Хъазанатов ГIалиасхIаб,
СагIадулаев МухIамад.
Силдиса:
Камилов АмирхIамза,
Расулов Хъази,
ИмангIалиев Наби,
Далгатов МухIамадрасул,
Изил КъурахI.
Данделъиялъул председательлъун вищана ПирмухIамадов СаидхIусен.
Гьоркьоб лъолеб суал букIана цо:
1944 соналъ Силди, Гьакъо ва Къеди росабазул гIадамал гочизарун хадуб сасикьезда тIад щула гьабун букIараб ракь гьез бетIергьабазухъе тIад буссинаби ва гьел росабазул гIадамазда гьоркьоб ракълилаб маслихIат гьаби.
Гьеб суалалда тIасан тIоцеве кIалъана СаидхIусен. Гьес абуна:
- Гьаб ахираб заманалъ нилъее ихтияр щвана гьукъун букIараб исламияб гIадлу нилъедаго гьоркьоб билълъанхъизабизе, гьединлъидал нилъеда тIалъула шаргIияб нухда, хIалаллъи -хIарамлъи батIа гьабун, рацIцIад хьвадизе.
Ракь сабаблъун сасикьездаги къедисездаги гьоркьоб бугеб дагIба гIодобе буссинаби мурадалда дунги, дида цадахъ, халкъалда гьоркьоб жидер хIурмат цIикIарал цIаларал чагIигун хIукуматалъул вакилзабиги щвана Сасикь ва Къеди росабалъе. Гьеб кIиябго росдал жамагIатаз бицараб жоялда гIенеккидал нижеда бичIчIана сасикьезухъ бугеб гьеб ракь букIин къедисел бетIергьанаб, 1958 соналъ гьел Чачаналъа тIад руссиндал цогидал ракьал нахъе кьолелъул, къедисезул боцIи дагьаб, сасикьезул гIемераб букIиналда бан, 3-4 соналдаса тIад буссинабизе къотIигун гьезухъ тараб. Гьеб кинабго жоги хIисабалде босун ва гьединго сасикьезул жакъаги гьеб ракьалда бугеб хIажалъиги бихьун, нижеца маслихIатияб хIукму гьабуна гьеб ракьалъул сасикьездехун бугеб рахъ гьезухъго тезе, хутIараб бакI гьез къедисезухъе тIад буссизабизе. Гьелда къедиселги рази руго. Бокьилаан гьаб данделъиялда сасикьелги гьеб хIукмуялда разилъизе ва гьелдалъун дагIбаги лъугIизе тезе.
Гьелда тIасан кIалъайгьабуна Сасикьа ХIажиев СаидахIмадица. Гьес абуна:
- 1958 соналъ къедисел тIад руссиндал цогидал ракьалги нахъе кьун нижехъ тун букIана гьел гочинаридал хIукуматалъ кьун букIараб гьеб 500 га ракьалъул. Нижер гьелда дагIба гьечIо, босе нахъе ракьги, гьединго нижехъа нахъе баче гьеб ракьалда рекъараб колхозалъул боцIиги. ЦохIо ниж шаргIалда рекъон рукIунареллъун рикIкIине ккани, нижехъ гурел гьечIищ гьел чияр ракьал?
Хадув кIалъазе вахъана гьебго росдал вакил Зирайлов Шагьидхан. Гьес абуна:
- Къедисезул нижехъ бугеб ракь нижеца зулму гьабун ккун гьечIо, гьеб нижехъе хIукуматалъ кьураб буго. Гьебго хIукуматалъ нахъе кьеян абуни, нахъеги кьезе буго. Амма нижер ракь гьечIо колхозалъул гIачи хьихьизе.
Хадув кIалъана районалъул Ракьазул гIадлуялъулаб Комитеталъул хIалтIухъан МухIамадов ГIабасхIажи. Гьес абуна:
- Исана дунги дида цадахъ чанго нижер хIалтIухъанги щун рукIана Къедире, гьезул гIарзазул хал гьабизе. Нижее гьениб баянлъана сасикьезулалда данде ккун къедисезул гIи-боцIи гIемер букIин. Гьединго Къеди колхозалъул руго племенной тайпаялъул гIачи, амма гьечIо гьел хьихьизе мустахIикъаб гIалах. Сасикьезулин абуни гьеб гIунги тIокIаб буго. Гьединлъидал нижеца битIараблъун рикIкIуна къедисез жидерго ракь нахъе тIалаб гьаби.
Гьесда хадув кIалъазе вахъарав Болъихъ мажгиталъул дибир МухIамадхIабибица абуна:
- Баянаб жо буго къедисез нахъе тIалаб гьабулеб мегIер-ракь гьел бетIергьанаб букIин. Гьединлъидал, хIукуматалъ жидехъе кьураб буго абун гьеб ккун чIезе сасикьезе хIарамаб буго. Гьезда тIадаб буго гьеб нахъе кьезе. Гьезие кумек хIисабалда ва маслихIат гьабун къедисез цо бутIа гьеб ракьалъул гьезухъ толеб букIинги яхI-намус тIокIаб иш буго.
Гьединго гьенив кIалъана къедисезул вакил Гъ.МухIамад султIанги. Гьес абуна:
- Ахираб заманалъ хIукуматалъ халкъалъухъе гIатIидаб ихтияр кьун буго жидеего магIишат гьабизе ва умумузул рукIарал ракьазде тIадруссун, гьездаса пайда босизе. Нижер росу буго мугIрузул ракьанда, кьурабазда гьоркьоб бугеб дагьабго ракьалда тIад гIемераб боцIиги ккун, гьелдаса пайда босун гIумру гьабулеб. Гьедин кидаго гуро букIараб. 1958 соналъ Чачаналъа тIадруссунаго нижер букIана 270 гIи-цIаназул ва 37 чIегIер хIайван. Гьединлъидал хIукуматалъ нижехъ тIадбуссинабичIого тана гочинелде нижер рукIарал ракьазул 500 га. гIалахалъул, 100 га рохьил ва 145 га рецул ва рекьул. Гьеб кинабго ракь учеталда нижеда тIад буго, картаялда сасикьезда тIад бихьизабун буго, пайда босулареб ракь абун. Гьелдаги тIад сасикьезухъ буго нижер «Игъадахъ» мегIералъул 2000 гаги. Гьединго Гьимерсо росдал колхозалъухъеги кьун буго нижер ракьалъул 800 га. Жакъа ругел баяназда рекъон нижер колхозалъул ва колхозникIазул буго 800-ялдасаги цIикIун чIегIер-хIайван ва 10000-гIанасеб гIи-цIани. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун ва нижер гьеб ракьалде бугеб хIажалъиги кьочIое босун, дица сасикьездаги къедисездаги гьарула, нилъ рижарав Аллагьасе гIоло, гьал гIалимзабазулги гьез гьабураб хIукмуялъулги хIурматги гьабун, «КьватIараб ганчIихъе» щвезегIан ракь къедисез сасикьезухъги тейин, хутIараб ракь сасикьезги къедисезухъе тIадбуссинабейин.
Гьелдаса хадуб, районалъул имам СайидхIусенил баяналда рекъон ва къедисезул вакил Гъ. МухIамадсултIаница бицараб, гьеб росдал жамагIаталъул гьариги гьабураб маслихIатги кьочIое босун, гьеб мажлисалъ ракълилаб къотIи гьабуна ва кIиябго росдал вакилзаби кверал росун цоцада тIасаги лъугьинаруна.
КъотIи:
А) Майданалда гIорхъилъун букIине «КьватIараб гамачI». Гъоркьехун рахъ сасикьезухъ тезе, тIадехун рахъ гьез къедисезухъ тIад буссинабизе;
Б) Ракьалъул гIорхъи букIине гьеб «КьватIараб ганчIихъа» бай бихьун, «Гъоркьияб гIансикIкIалалъул» лъим ккун тIаде. Сасикьезухъ хутIулеб рахъ буго «КIудияб рохь». «ГьитIинаб рохьгун» цадахъ кинабго мегIер гьез къедисезухъе тIад буссинабизе;
В) Майданалда бугеб сасикьезул колхозалъул чIегIер боцIи хаслихъе жаниб бухьинегIан нахъе къотIичIого гьенибго тезе, 1991 соналъул риидалил гIуж лъугIизегIан;
Г) ХIукуматалъ сасикьезе цIияб бакIалда ферма базе 20 азарго гъур. гIарац кьолеб букIиналда бан, гьез нахъе кьолеб «Майданалда» бугеб ферма, букIахъе Къеди колхозалъе тезе.
Гьаб цебе рехсараб маслихIат, хIукму, къотIи-къай битIараб букIиналдалъун законияб нухда бачине документал гьаризе ва картаби рахъизе кьезе ЦIумада районалъул Исполнительнияб Комитеталде.
(Гьаб кинабго хъвай-хъвагIай жанибе босараб протокол кагъат буго ва гьелда тIад киналго гIахьалчагIазул гъулбасалги руго – авт.).
Гьаб данделъи гьабун чанго къоялдаса, Кобиялдаса рачIунел, гьениб гIумру гьабун ругел къедисезул кIиго машина цIурал гIолохъаби (14 чи) Сасикь росдал рагIалде щведал нух кIи бикьулеб бакIалда (цояб - клубалда цебе, цогидаб - лъарахъе) лъалхъула, кинаб нухалъ Къедире ине кколел лъачIого гьеб цIехезе. Гьенив ватарав цо чиясда цIех-рех гьабидал гьес абула: «Нуж унелни руго, амма нахъ руссун риччазе гьечIеблъи лъан букIа. Росулъги лъазабе жакъаялдаса нахъе жидее нух къараб бугин».
Гьеб сордоялъ сагIат 12-ялда ток свана ва нахъисеб къоялъ хъаравулзабиги тун нухги къан батана. Сасикьез нух къан щуго къоялдаса къедисез «Асали кIалда» гIорхъода къедги бана, Сасикье бачараб гьекъолеб лъинги къотIана. Кобиялъул гIолохъаби эхере ана РичIагьанихъазул магIардаса. КIиябго машина нухдасан биччана. Гьедин нухги токги къан ана цо моцI гIанасеб заман.
1992 соналъул май моцIалъ Агъвалиб тIобитIана сасикьезда ва къедисезда гьоркьоб ракь сабаблъун бугеб дагIба лъугIизабизе гIоло бакIарараб цIияб данделъи. Гьеб гьабиялъе гIиллаги букIана, гьаниб цебе рехсараб 1991 соналъул июль моцIалъ букIараб данделъиялда гьарурал хIукмабаздаса сасикьез инкар гьаби. Сасикьезул рахъалдаса гьенире рачIинчIо доб цебесеб данделъиялда гIахьаллъарал вакилзабазул цогIаги чи, киналго рукIана цIиял гIадамал ва гьез дагIба бана доб гьабураб къотIиялда, хIатта гьеб къотIи гьабулаго гIахьаллъарал гIалимзабаз гьеб гьедин букIанин абун гьа гьеде абунгицин тIалаб гьабулеб букIана. СайидахIмадил Расул, Шагьидханил Зирайлав, ИсрагIилил МухIамадил ТIагьир, ГIумарил ГIарип, Сайпудинил ГIусман - сасикьезул гьал вакилзабаз дагIбаги бан гьеб нухалъги данделъиялъул хIасил лъугьинчIо ва гьединал данделъаби хадур чанги рукIана. Гьезул цIияб, гьеб ракь жидехъго хутIиялъе бицунеб хабар букIана умумузул бицен: цебе заманалъ, гьеб росдал гIадамал вабаъ унтиялъ хун дагьлъидал, къедисез гьеб ккун буго абураб.
Гьелдаса хадуб хIукму гьабуна шаргIалде ине ва гьеб къотIизе ракIарана гIалимзаби:
Дагъистаналъул муфтий ДарбишхIажиев СаидахIмад,
МелъелтIаса Сулеймандибирасул вас,
Болъихъа МухIамадхIабиб,
тIиндадерил имам,
ГъачIилъа ХIамзат,
мигIарсезул имам ТIагьа,
хуштадерил имам ГьитIинав МухIамадсаид, ва гьелгун рачIана хIукуматалъул хIалтIухъабиги.
Данделъи гьабуна Асали кIалда, гьенир гIахьалъана:
Сасикьезул вакилзаби:
МухIамадов ГIабдурахIим,
Зирайлов Шагьидхан,
СагIадул ГIали,
ГIашикъов Сабигула,
ХIосенил МухIамад.
Къедисезул вакилзаби:
АмирхIамзал МухIамад,
ГIалихъиличил МухIамадкамил,
ГIабасил Асадула,
ГъазимухIамадил МухIамадсултIан,
МухIамадил Гъазияв.
Гьенив тIоцеве кIалъазе вахъарав Болъихъа МухIамадхIабибица данделъаразда лъазабуна кIалъазе ругин цохIо кIиябго росдал вакилзаби. КъваригIичIеб, дагIбаялъул хабар бицарав, изну гьечIого кIалъарав чиги мажлисалдаса нахъе къотIизе вугин.
ТIоцебе кIалъазе изну кьуна сасикьезул вакилзабазе. Гьез бицана:
«Нижеда нижер умумуздаса рагIана гьеб ракь жидер букIараб буго», – абун.
Хадуб кIалъазе изну кьуна Къедиса вакилзабазе. Гьез баян гьабуна гьеб ракь жидер росдал букIин ва гьениб тIад къедисезул 17 кулиги букIин.
КIиязулго каламалдаги гIенеккун гIалимзаби, мажлисалдасаги ратIалъун, дорегIан ана гIакълу данд базе, ва тIад руссун рачIарабго гьез абуна жидеца хIукму гьабунин гьеб ракь, доб цебе гьабун букIараб хIукмуялда рекъон, къедисез толеб букIараб къагIидаялъ кIи бикьун тезе.
Гьеб хIукму шаргIалда рекъараб букIинчIо, щайгурелъул гьенир тIурачIо шаргI къотIулеб бакIалда рукIине кколел шартIал. Гьеб букIана маслихIат ва гьелда киналго разилъунги рукIана. Ахиралда рагIи босарав Гъ. МухIамадсултIаница абуна гьеб хIукмуялда гъоркь хъвазе ккелин сасикьез нижее хаду хадуб токалъеги нухалъеги квал-квал гьабизе гьечIин абун. Гьелъие жаваб гьабун Зирайласул Шагьидханица абуна: «Нухни я биччала яги биччаларо», - ян. Гьеб каламги рагIун гьенир аскIор рукIарал къедисезул гIолохъаби нахъе ана: «Гьедин батани, гьеб хIукмуялда ниж рази гьечIо», - янги абун.
Гьебго соналъул 6 июлалъ сасикьез жидер боцIи къотIана Берцинаб тIелбидаса жанибе (КIудияб рохь). Гьеб къоялъ гьениб хъаравуллъи гьабизе ирга букIарав ГIабдумаликил СултIанги, гьесие кумекалъе арал Надирбегил Асилбегги АмирхIамзал Аслаханги тIад руссун рачIана гIорхъода бугеб щоб ккун ярагъгун сасикьезул гIолохъабиги ратун.
КигIан къеркьаниги, гьенире инеян ярагъ-матахIгун къватIире рахъарал гIолохъаби кIудиял чагIаз риччачIо, гьеб лъикIги ккана, щайгурелъул, гIемер заман инчIого «Майданалда» рештIана МВДялъул министерасул вертолет ва машинабазда рачIана гIемерал милициялъулал. Гьелгун рукIана районалъул нухмалъулелги. Гьез лъазабуна, ахиралда гьабун букIараб хIукмуялда рекъон нуж чIезе ккезе ругин, чIечIони законалда бугеб къагIидаялъ кинабго гьеб ракьги сасикьезухъ тезе бугин ва гьелъие жидеца гьабизе кколеб хIалтIиги гьабизе бугин. Гьелдаса хадуб гьеб «КьватIараб ганчIихъа» тIадехун гуреб, гъоркьехун ракь цIуниги къедисез жибго тана, дагIба-рагIиги заманалдаса гIиссинккун къун ана.
ИГЪАДАХЪ МЕГIЕРАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ КЬОХЪ ДАНДЕЛЪИ
(Къедиса ХIосенил ГъазимухIамадил МухIамадсултIаница 1992 соналъ гьарурал хъвай-хъвагIаяздаса босараб).
1992 соналъул 17 июлалъ Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ СултIанмухIамадида аскIоб, Игъадахъ мегIералъул дагIбаялъул хIакъалъулъ.
Гьеб мажлисалда гIахьаллъана гIалимзаби:
1. Кьохъа СултIанмухIамад.
2. Митрадаса Абусупянов Расул.
3. Силдиса АмирхIамза.
4. Хуштадаса СайидхIусен.
5. Буртунаялдаса МухIамадов Анварбег.
6. Хуштадаса МухIамадсайгид.
7. Кьохъа дибир Сайпулаев МухIамад.
8. МигIарсоса ТIагьа.
9. Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIим.
Гьал тIадехун рехсарал гIалимзабиги гIахьаллъун байбихьана шаргI гьабизе. ТIоцебе кIалъазе рагIи кьуна силдисезул дибир, гьезул вакил АмирхIамзае. АмирхIамзаца Аллагьасул цIаралдалъун байбихьана ва абуна: «Жакъа къоялъ хIукуматалъ кьун сасикьезухъ бугеб Игъадахъ мегIер ккола ниж - силдал бетIергьанаб». Гьелъие данде жаваб кьуна сасикьезул вакил ГIабдурахIимица, «АмирхIамзаца жидерин абулеб Игъадахъ мегIер гьезул гьечIо»,-абун. Гьеб мегIер буго 1958 соналъ хIукуматалъул госфондалдаса сасикьезухъе кьураб. Гьеб мегIер, батIаго, ниж сасикьел бетIергьанабги гьечIо.
СултIанмухIамадица гьикъана ГIабдурахIимида: «Гьеб Игъадахъ мегIер нуж бетIергьанаб гьечIеб мехалъ нужеца щай ккураб?»-абун. ГIабдурахIимица жаваб кьуна: жидехъе гьеб кьунин хIукуматалъ жидеда тIад лъураб жоги кIудияб букIун, жидер гьариялда рекъон.
Гьаб тIадехун бугеб дагIбаялда рекъон, Игъадахъ мегIералда тIад сасикьезул бетIергьанлъи чIечIо, хIукуматалъ жидехъе кьей гуреб.
Гьеб Игъадахъ мегIер жидер буго абун дагIба базе вачIана КIкIаратIа росулъа Шигьабудинов ГIабдулкъадир.
Гьес бицана:
«Нижер букIана ТIалакъо абураб мегIер местIерухъездаги хунзахъездаги гьоркьоб. Гьеб ТIалакъо мегIер хундерие хисун бачIараб буго нижее Игъадахъ мегIералъул 1000 гектар 1000 соналъ цебе таватуралдалъун.
Гьебго Игъадахъ мегIералда дагIба базе вачIана къедисезул вакил, гьезул дибир АмирхIамзал МухIамад.
Гьес бицана:
- Нижер - къедисезул кIудиял чагIи руго гьеб Игъадахъ магIарда боцIуда рукIарал. Гьез абула гьениб гьакъосезулги ракь бугин, гIорхъи дида лъаларо. Нижер умумуз бицуна гьеб магIарде кIкIаралазул гIи биччалеб букIанин ясахъги бахъун. Гьелдаса хадуб рагъ багъарараб заманалъ хъачагъаз боцIи бикъун течIого ниж нахъе рачIун руго, амма гьеб магIарда ниж бетIергьанаб ракь буго оцалги, чуялги, хIораб гIиги хьихьулеб. Къадар лъаларо.
Гьеб Игъадахъ мегIералда дагIба базе вачIана Гьакъоса дибир, гьезул вакил ГIабаспашал Сулейман.
Гьес бицана:
- Нижерги буго гьеб магIарда бутIа. ГIумар вахунеб бетIер ва ГIусманил расаялъул бетIер абулеб кIиябго бакI ккун гъоркьехун бугеб мегIер гьакъосезул буго.
Силдисезул мегIер букIин чIезабиялъе нугIлъун вачIана Хунзахъ жаниса Мавлиев ХIамзат.
Гьес бицана:
- Госфондалде ун хадуб нижер гIи унеб букIана 1958 соналде щвезегIан Игъадахъ магIарде, гьеб мегIер силдисезул буго абун абулеб букIана гьеб заманалъ. Гьебго нугIлъи гьабуна хундерил рукIарал гIухьби МухIамаднабицаги МахIмудицаги.
СултIанмухIамадица суал кьуна Хунзахъа ХIамзатие:
хундерил ракь букIанищ киданиги Игъадахъ магIардаян.
Гьес жаваб кьуна:
киданиги букIинчIин.
ХIамзат…..гъулбас..
МахIмуд…..гъулбас…
ГIоротIаса Сурхай абулев чияс абуна ТIалакъо мегIер кIкIаралазе хисана абураб жо щибго бицен бугеб жо букIинчIоян.
Гьелъие ….гъулбас...
- Дун, КIкIаратIаса МухIамаднаби, колхоз гьабизе цеве Игъадахъ лъабго соналъ нижер гIияда вукIана. Колхоз гьабун хадувги вукIана, дидаса цеве дир эменги вукIана 25 соналъ, гьелдаса ункъго соналъ – колхоз гьабун хадувги. Гьеб мегIералъул гIорхъи - къедисезул бал (мугIрул щоб) тун къватIир ниж руго жанир къедисел руго. ТIарада Игъадахъ чачаназулгун бугеб гIорхъи буго. ГIусманил Расаялдаса гъоркьехун - гьакъосезул, тIадехун – кIкIаралал руго. ГIеблъудехун силдисезул гIорхъи буго.
СултIанмухIамадица суал кьуна МухIамаднабие:
«Гьаб дур дагIба ритIухъ гьабизе нугIзал ругищ?»-абун.
МухIамаднабица жаваб кьуна рукIине ругоян. Жидергоги чияр росдалги. Гьелъие гьедизе дида кIоларо, дун гIумруялъ гьедичIо.
- Дун КIкIаратIаса Калимулаев ГIабдумажид, дица абулеб буго гьеб Игъадахъ мегIер нижер бугин, МахIачхъалаялда нижер нугIзалги руго, нижее заман цIай нугIзал чIезаризе. Гъулбас...
- Дун Къедиса ИбнухIажарил вас Халил, дир буго73 сон. Гьаб дагIбаялда бугеб Игъадахъ мегIералъул гIорхъиги лъалин ва гьеб магIарда жаниб бутIаги буго абун кIкIаралаз балеб дагIба мекъаб буго. Нижеда гъоркьехун силдал руго. Силдисезда аскIоб, лъим бахун добехун бакI гьакъосезул бугин абун бицен буго, ай, бакътIерхьул рахъ.
Гъулбас...
- Дун Къедиса ГъазимухIамадил вас МухIамадсултIан.
Гьал ракьазул дагIбаялда гьоркьов дун вугелдаса лъабго сон буго. Игъадахъ мегIер жидер буго абун кIкIаралаз бицунеб хабар битIараб гьечIо. Гьединго дица абула гьеб Игъадахъ магIарда жаниб гIемерисеб бакI къедисезул бугин. ГIорхъабиги лъала. Чачаналъе къедисел гочинегIан нижер букIараб ракьалъул картаги дихъ буго.
Дида гьакъосезулги лъала гIорхъи гьеб магIарда бугеб, гьединго силдисезулги лъала. Гьакъосезул гIорхъи буго ГIусманил расаялъул гохIдаса щоб ккун эхебе.
Гьелъие нугIлъиги дица гьабула.
Гъулбас...
………………………………………..
Къедиса ИбнухIажарил Халил:
- Ракь сабаблъун сасикьезулгун дагIба бугеб 1991-2 соналъ росулъе щвезе вачIарав дунги дида цадахъ цоги 10-15 гIолохъанчиги, цоял чуял рекIун, цогидал лъелго ун рукIана Игъадахъ магIарде. ГIалихъиличил МухIамадкамилида лъала гьел гIолохъабазул цIарал. Гьенире инелде цебе дица абун букIана 2-3 чи дунгун вачIине дагь вукIунин, щай гурелъул цо къо ккедал гьезул цогIагияв кодов щвечIого хутIизе бегьулин, гьединлъидал дида цадахъ рилълъайин 10-15 чи, мегIерги бихьизе, гьелъул гIорхъабиги лъазе.
Гьедин арал ниж рахана Игъадахъ къедисезулги, гьакъосезулги, силдисезулги гIорхъи бикьулеб бакIалде ва дица гьел гIолохъабазда бихьизабуна гьаниса дорехун силдал рукIанин, гьаб цояб рахъалда гьакъосел рукIанин, церехун, доре Гьима гIурухъе щвезегIан къедисел рукIанин. Гьеб мехалъ гьенив аскIов вукIарав Пирбудагъил васас[348] абуна гьанже жинда кIолин гьа гьедизе, щайгурелъул жиндир инсуцаги гьеб гIорхъи жинда гьединго бихьизабун букIанин.
Гьанже силдазул рагIула хабар ТIарада Игъадахъ гурого бакI гьечIин къедисезулин, цогидаб бакI жидер бугин. Нагагь гьезулгун, яги цоги лъилгун букIаниги гьеб мегIер сабаблъун дагIба ккани, къедисел ине ккола Хунзахъеги, БакьайчIиреги, щайгурелъул кIудиял чагIаз бицунаан, риидал гьезул гIи бачIунаанин Игъадахъ къедисезул магIарде ва хаслихъе тIадруссун унаго, Къеди росдал тIарада, «ХIоржазул бакI» абулеб бакIалда Чалахо кIалдаги чIезарун, гьезухъа хIоржал рахъулаанин мегIералъухъ ясахъ хIисабалда. Гьедин рачIарал гьел чахъабиги магъил садакъаялъе яги цоги росдае къваригIараб бакIалдеги хъолаанин.
Силдисез абухъе мегIер гьезул батани, гьеб мегIер кванарал хундерицаги, бакьайчIисезги ясахъалъе кьурал куйдул къедисез кваналеб къагIида кинаб букIунеб? Гьеб букIунареб жо буго. Ясахъ кьола мегIералъул бетIергьабазе. Силдисезе лъикIаб буго жидерго гIорхъода чIани.
Къедисезул мадугьалзаби сасикьезул гьениб киданиги бакIги букIинчIо, букIанин биценги рагIичIо. Асали кIалдаса тIадехунги гьезул цо квер чIвазецин ракь гьечIо. ГьитIинаб рохьги майданги сабаблъун гьезулгун букIараб дагIба къотIизабизе гIоло гьабураб къотIиги мекъаб буго. Дун гьелда гьоркьовги вукIинчIо. Жидерго магIарде боцIи бачине нухалъе гIоло букIаниги, КьватIараб ганчIихъе щвезегIан бугеб ракь гьезухъ тезе ккани, гьенир Къедиса гIадамазул кулабиги, рецабиги, хурзалги гурищ ругел?
[348] НурмухIамад.
Хъазил МухIамад (1992 сон):
- ГьетIа-кIичIазда нахъа, Игъадахъ лъар бахун добехун танкаллъиялда буго сверун ганчIил къед бараб лол (гьоцIу). Немцазулгун букIараб рагъда цересел соназ дунги, дида цадахъ Шавалханги, цоги нижергун гIел бащадал гIолохъабиги ун рукIана гьенире жамагIаталъ ритIун, гIи жаниб бечIчIизе гьеб лол гьабизе. Гьениб жаниб цогIаги нухалъ гIи бечIчIичIо.
Гьебго заман букIана. Игъадахъ рукIарал оцалги гIухьбиги рачIана рии бакьулъ РицIцIалъа церехун. ГIухьбуз ругьел битIун бачIана силдазулгун дагIба кканин. АхIи бахъун арал росдал гIолохъабазул 30-40 чияс оцал Игъадахъе рачана ва гьениб цо оцги хъун, квана-гьекъон 3 къо бана. Хъелтадул тIелбазда, хIархьазда, гонгазда – кир цIеханиги нижеда гьенир силдалги ратичIо. Хадуб тIатана гьеб кинабго иш гIухьбуз жидецаго ургъун букIараблъи рекIелгъеялъе.
ГьитIинав чи дун вугеб мехалъго гьеб Гьиндуха магIарде Къеди росдал оцазул рехьедги, чуялги, хIорал гIиязул рехъабиги унаан. Цо соналъ КIушкIандил ГIалил Исрап вукIана ХIажихIмал чIоралъув къайиялда гьагIмадисезул гIиял рехъада. Гьесие квен-тIехги цIамги босун щварал нижер гьобол Гьимаса Къадисил МухIамадил лъимал дунгун цадахъ Къедиреги рачIун, нижехъ сордоги бан нахъисеб къоялъ ана тIад руссун.
Гьез гьарун течIого гьелгун цадахъ Гьимаве дунги ана. Гьениб чанго сордоги бан, ГьагIмадиве гьоболасул бакIалде щведал, жакъа гIадин ракIалда буго гьес дида абураб: «Метер къедисезул букIараб къайиялде гIи бечIчIизе ине руго», - ян.
Радал тIаде рахъаралго ниж ана гьеб росдадаса гIемер рикIкIад гьечIеб нилъер «Хъаравулзаби чIолеб рукъ» абулеб бакIалда гъоркьехун бугеб кIудияб майданалде. Гьенир ракIарун ругоан гьагIмадисезул руччабиги бихьиналги. Лъун цо кIудиял хьагалгун гьенибе тIолеб букIана гьез бечIчIараб рахь. Гьоболас гьениб цо кьегIерги хъуна ва гьелъул нахъисеб бащалъиги тахтаги кьун, дун нухда регIана.
Жеги дида цадахъ букIана Гьимаса гьоболас кьураб хъанда гьвеги, кьохорхоги, гьалил таргьаги. ГьитIинав чи вукIиналъ дида гьеб кинабго баччизе кIолеб букIинчIо, гьединлъидал дица гьалил таргьа хъандил мугъалда бухьана. Гьединги жо ккечIого ахирги гьеб таргьа дица, тIадеялъул бижизе букIаянги абун, гIинги ккун магIардаса бехе рехана.
Гьеб Гьиндуха мегIер къиялазухъе кьун буго Къедив вукIарав селсоветас. Гьеб иш сабаблъун гьесулги ГIалихъиличил эмен ГIалисултIанилги кIудияб дагIбаги ккана дунги цоги, росдал гIадамалги ругеб бакIалда. ГIалисултIаница гьесда гьикъана дур хъулухъ щибин букIараб жамагIаталдаги гьикъичIого росдал мегIер бичизе. Цоги гьесда гьеб гьикъизе кIолев чиги доб заманалъ Къедив вукIинчIо.
Цо нухалъ эменгун цадахъ Къиялъе щварал ниж как базе лъалхъана «Алдамил ицц» абулеб бакIалда. Гьеб иццул лъеца какиеги чурун гьелъул къаданиб бугеб цо кIудияб къономахIаб ганчIида тIад бана нижеца как. Инсуца абуна гьеб ганчIида тIад букIанин мегIер къедисезул букIиналъулги ва гьеб бакI къиялазул гIорхъи букIиналъулги хъвай-хъвагIай. КвартIица бухун хвезабун бугоан гьеб. Цоги гьес бицана гьелда гъоркь сверун тIурччиги рахъуги бан лъураб шишаги бугин, гьеб мегIер чачаназухъе заманаялъ кьураб бугин абун тIад хъвараб кагъат жаниб лъураб. «Нужер яги нужер лъималазул кида букIаниги гьал чачаназулгун дагIба ккезе бегьула. Гьедин ккани бухъун гьаб бакIгун гьеб шиша рагье ва кагъаталде балагье, лъималаздаги гьедин малъе», - янги абуна гьес дида.
Гьеб Къиялъ къедисезулги къиялазулги рохьалъул гIорхъи буго «ХъахIаб лъим» абулеб лъел гомог, доба мегIералъул бетIералде щвезегIан. Гьенисан Къиялъехун бугеб жанибеги - гьанкьадерил, Дагъистаналдехун бугеб рахъ – къедисезул буго. Гьеб бакIалдаса буго АпаратIа магIарде унеб нухги.
Къиялаз Гьиндуха къедисезул ракьалда мажгит бан бугин хабарги бачIун ахIи бан, гьенире ун рукIанин къедисезул гIолохъабиги жамагIатгиян бицунаан инсуца. Сардилъ бан бугин гьез гьеб абунги букIана нилъехъ гьелъул хIакъалъулъ хабар. Биххун гурого чIоларел нилъералги биччаларел гьиндухалги рукIун, гьоркьор маслихIатчагIиги лъугьун, гьара-гьикъун тезабун бугила гьеб.
Хизрил ХIанапи (1992 сон):
- ХIуригатги бергьун Совет хIукумат гIуцIулел сонал рукIана. БитIун гIи-боцIи магIарде бахъулеб роол гIужалъ Игъадахъ мегIер сабаблъун къедисезулги силдазулги дагIбаги ккун хIукуматалъул чагIи рачIун рукIана гьеб мегIералъул гIорхъаби тIезаризе ва дагIба чIезабизе.
Жеги чIужу ячинчIев гIолохъанчи дун, советалдеги ахIун кодобе кагъатги кьун, витIана Силдиве, гьезул селсоветасдаги гIадамаздаги лъазабизе метер Игъадахъе рачIейин абун.
Силди щвелелдего гьеб росдада нахъа ГIатIидаб кIкIалахъ дида гьезул 2-3 рехъен гIиги гIухьбиги ратана. Гьел гIухьбузул цо гьве багъизе лъугьун, дица ханжар кьабун гьелъул гIинги къотIана.
Гьениса гъоркье вачIунаго дида данделъана Силдиса Атимал Лабазан(?) абулев чи, билараб хIама балагьизе вахъарав. Гьесухъ бана дица сордо.
Сардилъго ун дица кагъат кьезе кколеб бакIалде кьуна ва радал вахъун гьезул гIадамалгун цадахъ Игъадахъеги вачIана. Силдисезул гьениве вачIун вукIана росулъ тIаса вищарав 5- 6 чи. Гьездаса цояв вукIана КIудияв Хъази. Цогидал дида ракIалда гьечIо, гьел щал ругел дида лъазеги лъалароан. Ниж Игъадахъе щвелалде гьенире рачIун ратана Къедиса гIадамалгун дол хIукуматалъул чагIиги. ГIорхъи-рахъ лъалев щивав чиги кIалъазавун, гьеб гIорхъи бикьулебщинаб бакIалдаги чIун гьез план бахъулеб букIана ва хъвай-хъвагIайги гьабулеб букIана. Дида лъалеб жо буго: гьеб къоялъ гьенив щивго дагIбагъулев чиги вукIинчIо, дагIбадизе гьез толелги рукIинчIо.
Гьанже Силдиб рагIула хабар гьеб Игъадахъги, гьелда нахъа бугеб Гьиндуха магIардаги жидер гуреб цоги гIадамазул гIи киданиги букIичIин. Гьеб хабар гьереси буго. Къедисезул гIиги чIегIербоцIиги Игъадахъа камураб заман киданиги букIинчIо, цохIо Совет хIукуматалъул заманалъ хъачагъаз толарого гьенире инчIого чIараб мех гурони. Росулъе рачIунгицин бикъана гьез чанго нухалъ гIи.
Гьиндуха мегIералъулги хабар буго гьеб цо чагIаз чачаназе бичун бугин абун[349]. Гьеб хIалтIи гьабун щварал квасул ургалги танчалги рикьулаго букIине ккола, цо нухалъ гьезда гьоркьоб кIудияб дагIбаги ккун букIана.
[349] Бичун гуро, ижараялъе кьун букIун буго.
Хунзахъ Сивухъа Оциязул ГIабдула:
- КIикъоабилел соназ цо нижехъ чIарав бакълъулавгун цадахъ колхозалъул гIиги бачун щун вукIана дун Къедиве. Гьиндуха магIарда рииги тIамун руссана ниж нахъе. Къедисезулин букIунаан гьеб мегIералъул бицен. Цо-цо дол «КIамуридул бокьал»[350] абулеб бакIалдеги раккулаан ниж. Хварал гIи-цIаназул гIемераб ракьаги лълъарги букIана гьеб соналъ гьел бокьахъ. Къедисел гочун араб заман букIана доб.
[350] Гьел бакIал 2000 соназул байбихьуда Россиялъул аскарияз кьвагьизарун руго, жидеда данде чIун мугIрузде арал гIадамал (боевикал) жанир рахчичIого рукIинеян багьанаги батун. Тарихалъул хIисабалда рекъон гьел бокьаз бан букIана 700-800 сон.
КЪЕДИБ КОЛХОЗ БИХХИ
«…дир вацгIал Сулейманицаги, ГIабдухаликъил ГIабдулатIипицаги нижеда абуна колхоз бикьу леб бугин, рилълъайин нилъе его щвараб жо бахъизе.
Квасул гьабураб цо кIудияб таргьаги бехъерхъун дунги, дида цадахъ диргун гIел бащадал лъималазул цо чангоявги щвана колхозалъул искаладлъун букIараб мажгиталде. НуцIбиги тIезарун рагьараб гьеб цIун бугоан хIан-нах, тIорщел бикьулел росдал гIадамаз. Цо рахъалда рахъун чIун хъачагъалги ругоан.
Колхоз хун бугин абун гьеб бикьизе тIаделъарал колхозникIазда гьоркьове лъугьарав дие гьениса щвараб жо букIана цо чирахъги, пуруц бухьулеб чIологи, сахI гIанасеб пурчIинаги. ЦIам жаниб букIараб цо кIудияб хьагиниреги лъугьун гьениса гьеб бахъулел рукIана кIиго чи. Цо дангъур цIураб жо гьелъулги щвана дие. Гьебги дица доб пурчIинаялде тIаде дирго таргьинибе бана.
Росдал гIадамазда лъиданиги хIал гьабизе ккечIо колхозалъул магIишат бикьеян яги гьенир гIахьаллъеян. Цере-цереги лъугьун хъачагъаз кьабун хъундагъалгун тIезарун рехулел рукIана кIулал, гьеб гьабун бахъиналде, цоял - цояздаса бергьун жанире кIанцIизе хIадурун гIадамалги рукIана.
Къедиб, гьанже кулубалъул мина бугеб бакIалда доб заманалъ библиотека букIана. НуцIаги тIезабун гьениса тIахьал, казияталгицин ана цо-цо гIадамаз. БосичIого гъоркь хутIараб кагъаталъги колхозалъул хъвай-хъвагIаязги консиларалда цебеса къватI хъахIлъун букIана нахъисеб къоялъ. Гьеб библиотекаялда жаниб букIана колхозникIазул ракI гъезабизе гьоркьо-гьоркьоб биччалеб патефонги. Кин щун букIараб лъаларо, Веденоса рачIун хадубги гьеб Къедир цо гIадамазухъ букIана.
Гьеб къоялъ бикьараб ва бикъараб жоялъул щиб-лъица араб хъвай-хъвагIай гьабун букIун буго завсклад ХIайбулацаги, ХIусенил ГъазихIмацаги. Гьелда рекъон нахъисеб къоялъ гьеб нахъеги бакIарана, тамихIги лъиего гьабичIо. Дие щвараб чIологи, чирахъги, дангъур цIураб цIамги гьеб сияхIалда ккечIеб хIисаб буго - кьеян дихъе чиги вачIинчIо, босун дунги инчIо, гьедин диего хутIана»[351].
[351] 2014 соналъ Зиявдинил ГъазимухIамадица бицана.
«…магIардаса гъоркьеги бачун ХIакь-хариниб къан букIана колхозалъул гIиял рехъен. Хадуб гьеб гIи росулъа эхебе бакIарун унаго гIадамаз гьениса жидеего щвараб жоги кколеб букIана, хъачагъазги гьеб гьукъулеб букIинчIо.
Дун гьел къояз бакъул унтиялъги унтун рокъов вегун вукIана. ГIачимухъдаса эхебе рехъен ун хадув, дир рукъалда цеве вачIана дирго гIадинаб ригьалъул чи ИсмагIилил ГъазимухIамад. Гьенив къеда тIад гIодовги чIун гьес дида абуна: «Рилълъа хъачагъазухъа нилъерго гIи нахъе бачине, нилъеца данде рехараб нилъер боцIи гурищ гьеб, мажгиталда букIараб жоги гIадамаз бакIа-бахарун анин». Гьес малъараб гьабизе дир сахлъиги букIинчIо, гьеб ишги дие рекIее гIолеб букIинчIо, гьединлъидал дица инкар гьабуна.
«Мун хIинкъулев вуго», - ян дидаги абун гьев Нохъодехун бакIарун араб гIияда хадув ана. Гьенир гьевгун гьеб гIияда аскIор рукIун руго Хизри, Илясги МухIамадханги ва цоги чангоявги. Гьеб бихьун буго БичIукъайидаса гъоркье гьеб къоялъ мухъ - мухъ гьабун рачIарал аскариязда ва гьез, кквезеги ккун, гьезда гьоркьоса щуго чи туснахъ гьавизе вачун ана. ГъазимухIамад гурев, гьезул чIаго нахъе чиги вачIинчIо.
Гьеб рехъада вехьлъун вукIарав дир вац Герейхан жанив лъечIого ворчIана хъачагъаз хIал гьабун гIи къотIизе вачун вукIиналъ»[352].
[352] 1992 соналъ Халитил НурмухIамадица бицана.
Колхоз кин гIуцIараб ва щиб жо гьеб букIараб, гьеб сабаблъун рачIарал балагьазул, умумузда бихьараб гIакъуба-гIазабалъул хIакъалъулъ нилъеца бицун букIана тIехьалъул цересел бутIабазда. Гьеб кинабго жоги бихьулеб лъалеб букIадго, колхоз лъикIаб жо букIанин абулев чи вахъани, гьев чи бетIералъул хал гьабизе тохтурасухъе вачине ккола.
ЛъикIаб жо бигьаго биххуларо, холаро. Бихханиги, гьелдасаги лъикIаб жоялъ хисула. Амма къедисезул колхозалъул байбихьиги лъикIаб букIинчIо, ахирги гьелда релълъараб ккана.
ХIасил, гьез жидер колхоз биххана кIиго нухалъ.
ТIоцебесеб нухалъ:
- жиб гIуцIаралдаса 4-5 сон ун хадуб 1942 соналъ, Гьигьалъа ХIосенил МухIамадил «хъачагъазул» бетIерлъиялда гъоркь.
КIиабилеб нухалъ:
- жиб гIуцIаралдаса 60 сон ун хадуб 1996 соналъ, росдал «хъачагъазул» бетIерлъиялда гъоркь.
ТIоцебесеб нухалъ кин гьеб биххараб ва щиб гьелъул ккараб гьаниб тIадехун нилъеда бицана жакъа нилъгун гьечIел, жидер мунагьал чураял Зиявдинил ГъазимухIамадицаги Халитил НурмухIамадицаги. КIиабилеб нухалъ биххиялъул ва ккараб хIасилалъул бицине риччана Расулил Сайдарханги, МухIамадсултIанил МахIмудги, Аларханил Шагьрунабиги, ГъазимухIамадил АмирхIамзаги, ХважакIил Юсупил ГIумарги.
Гьез бицараб хабар буго гьаниб хадуб.
Расулил Сайдархан:
- 1991 соналъул 14 апрелалъ сардилъ дун рокъове щвана диего ЗИЛ машинаги босун. Гьеб букIана нилъер росулъ жалго гIадамал бетIергьанал юк баччулел машинабазул тIоцебесеб. Совет хIукуматалъул заманалъ гьезие изну букIинчIо гьединал машинаби жидеего кквезе.
Нахъисеб къоялъ букIана кIалбиччанкъо. Радал хабзалалъа тIад руссун хадур росдал гIадамал ракIарана ишкулалда цере. Гьеб соналъ Эчедиса Пахруханил бакIалда колхозалъул нухмалъулевлъун тарав ГIалихъиличил АмирхIамзаца халкъалда цевеги вахъун абуна: хIукуматалда жаниб хабар бугин, пайда дагьал колхоз-совхозалги риххун, гьезул буголъи гIадамазе бикьиялъул яги гьезул бакIалда цоги гIуцIаби гьариялъул. Гьанжеялде цо-цо бакIазда гьедин гьабунги бугин. РачIайин нилъецаги, габур биццатго, бикьизе жо нахъе букIаго колхоз паязде бикьилин.
АмирхIамзаца бицараб жо къедисез къабул гьабичIо. Цо лъагIелалъцин гьеб хIалтIиги гьабичIого гьев нахъе ана.
1996 соналъул 25 июль букIана. Гьеб заманалъ дун машинаялъ аварияги гьабун костилазда вукIана. ГIа лихъиличил МухIамадка милил рукъалда гъоркье хунги бачун, колхозалъул хутIараб гIи жидедаго гьоркьоб бикьа на къедисез. АмирхIамзаца бикьейин абураб соналъ 4700 бетIер букIараб гIиял, щуго сон инелде бикьизе щвана 700 гIечIеб чахъу.
Шаваялдаги Къедибги гIадамазухъ бикьун кьураб 100 150 хIайваналъулги, гьеб 700 чахъдалги гуреб, хутIараб 4000 бетIер гIи-цIаназулги, 300-400 хIайван чIегIербоцIулги адрес бати щакаб жо буго. Гьединго пана-пасалъун, цояз эхебе цIан, цогидаз эхеде цIан тIагIана колхозалъул гаражазда букIараб техникаги искаладазда букIараб къайи-къоноги.
Гьелъул хIакъалъулъ абураб буго Зиявдинил ГъазихIмаца:
«Чакмаяз гьабуна, ботинказ кванана», - ян.
МухIамадсултIанил МахIмуд:
- 1996 соналъ колхозалъул бухгалтерлъун вукIана дун. Дида лъала, ГIалихъиличил АмирхIамза передседателлъун вугеб мехалъ букIараб 4700 бетIер гIи-цIаназулги, хъутаналда ги магIарухъги букIараб чIе гIербоцIулги гIемерисеб тIа гIана гьев гьеб хIалтIудаса нахъе ун хадуб кIиго-лъабго соналда жаниб. 1996 соналъ МухIамадкамилил рукъалда гъоркьехун бугеб Сахрату лал хуриб жаниб можороги рехун гIадамазе бикьараб 560 чахъуги гьелдаса кIиго соналъ цере гьединго можо роги рехун бикьараб 60-70 чIегIерхIайванги гуреб цоги жо колхозалъул гьеб зама налде хутIун букIинчIо.
1997 соналъ дица документал гьарун рукIана гьоркьор арал соназ росдал лъималазе ва гьезул улбузе бачIине кколеб букIараб уходалъулги пособиялъулги. Ахиралда гьеб кинабго гIарац, я дида яги гьеб бачIине кколел гIадамазда цо копекцин бихьичIого, жанибго тIагIана.
Аларханил Шагьрунаби:
- 1991 соналъ колхозалъул нухмалъулевлъун вахъарав АмирхIамзаца абулеб букIана, колхозалъул гIиги кьун, росдае цо кIудияб автобус босейин, хIежалдеги ине цоги къваригIаралъеги букIине. Цоги гьес абулеб букIана, гьабсагIат чIаго рукIаго, рехеса нилъер кIудиял чагIиги росулъе рачун, лъил щиб бугеб тIезабун, ракьазулги гIадлу гьабейин. Бурашилазул Гъамбулат, ГIабасил МухIамад, НурмухIамадил Зубайр ва цогидалги кIудиял чагIи чIун рукIана, жидер чангъида рухI букIаго, колхозалъул боцIиги бикьейин.
1993 соналъ Сабигулал Султанмурадил бакIалда передседателлъун вищана Мусадибирасул ГIусман. Колхозалъул хутIарал гIачи росдае рикьана гьеб соналъ. МухIканаб къадар ракIалда гьечIо, 60-70 хIайван букIанин ккола.
ГIи бикьараб 1996 соналъ передседателлъун вукIана ХважакIил Юсупил ГIумар, завфермалъун - ГъалбацIгIали. Жеги магIарда гIи букIадго ГъалбацIгIалиги нахъе ун, гьебги, вехь, Хелекьуриса Абакарил МухIамадги дида тIаде ккана. Гьев хелекьурисев вукIана дир инсул гьобол, гьединлъидал, бокьаниги бокьичIониги дун хIажатавлъун ккана гьесиеги гIияеги къваригIараб чIезабизе. ГIортишлъи (вехьасул кумекчи) гьабизе тIаде босана Абусупиянил Аюбица.
Гьеб соналъул хаслихъе росдаца хIукму гьебуна гIи бикьизе. МагIардаса гъоркье бачIараб 777 бетIералъул цо бутIа бикьана 1993 соналъ гIачи щвечIел чагIазе - цо гIакдал багьа 12 чахъуги гьабун. ХутIараб гIи, 5-6 бетIер щибаб цIаракиялъе кколеб къагIидаялъ аренда хIисабалдаги кьуна. Чахъаби рачарал гIадамал колхозалъул бутIа кколел яги кколарел рукIиналъухъги щивго балагьичIо. Щивас гъулбасги лъун къотIиги хъвана, нагагь цIидаса колхоз бакIарулеб бугони, жидехъ бугеб боцIи яги гьелда бащадаб жо квал-квал гьечIого нахъе кьезе.
ГъазимухIамадил АмирхIамза:
- Эчедиса Пахрухан передседателлъун тараб соналъ дир бакIалде колхозалъул завпермалъун вачIана Зубайрил МухIамад. Гьелдаса хадув дун хIалтIизе кIиго соналъ Казахстаналде ана. Гьениса вачIиндалги, Пахруханица гьарун, нахъеги завпермалъи тIаде босизе ккана. Амма гьеб мехалъ дида гьенив дица куцарав цогIаги хIалтIухъан я гIухьбузул я дояркабазул ватичIо. Гьеб бихьарав дица Пахруханида абуна: щибдайха дирги дурги ккелеб, дица бицараб мацI бичIчIулев чиги гьанив хутIун гьечIин абун.
Байбихьуда авараг гIадин веццулев вукIарав Пахрухан, дун вачIун чанго моцIидаса, дир хIалтIухъабаз какизе байбихьана.
Цо къоялъ годекIанир харбида рукIарал гIолохъабазда дица абуна ворейин нужеца гьав Пахрухан нахъе виччагейин, гьесул хIалтIиги бугин военний къагIидаялъул, искаладалги ругин военний гIадин цIун.
Гьалдаса цебе ункъгогIаги соналъ завискаладлъиги гьабун букIанин дица, амма дун ГIалидибирасул чIвадинир хIоринир хIанил бочкаби герчезарулев хутIун вукIанин, букIине кколеб гIадаб искалад гьечIолъиялъ. Гьадинав передседател нужее тIокIав щоларин.
«Кинав, щив?!» - абун гьаракь бахъана годекIаниб. «Мунги вахъизе вуго, гьевги вахъизе вуго, нуж цIогьаби», - ян кIалъана цо-цоял.
ГьечIо бикъулеб, гьечIо кваналеб, чIун рукIа нужин гьарана, гIенеккичIо. Жидеца бицунеб жо къабуллъичIев дун, кIалъачIого вукIине гIоло, гIолохъабаз кодовги ккун, лъарахъе щвезавуна. Гьедин вахъана Пахрухан, тана ГIалихъиличил АмирхIамза.
Цо нухалъ колхозалъул хъулухъалъ авлахъалде ун вукIарав дунги цо-цо нилъер гIолохъабиги рештIун рукIана Хасавюрталда букIараб колхозалъул петералда. Гьенив нижеда тIаде вачIана АмирхIамзаги. Кваназе гIодор чIедал гьес цебе бахъана рокъосаго цадахъ босараб рачIги, тIехги, хIанги. Цо квешаб тайпаялъул гIолохъаби рукIана гьенир гьеб сордоялъ. Цо нухалъ гIодор чIараб бакIалда копоего кIкIван, къотIун, кванан лъугIизабуна гьез, чанго букIинеян къоялъе бачIараб передседателасул квен тIех.
Гьединаб хIалал да колхозалъул буголъи цIунизеян лъугьарав АмирхIамзагицин гьел даса хадуб цо моцI инел де хIалтIудаса вахъана.
Сахабщинаб пелеменной тайпаялъул боцIи 1992-1993 соназул хасало базе хер гьечIого бакъун хвана.
Цо нухалъ руссниса бахъараб хер измелчателалъ лъабго нухалъ ххенонги балаан цебе. Я росулъа щвечIо гьеб босизе, я гIураб къадаралда хъутадаса бачIинчIо. БачIинчIо гьединго кормаги. Гьанжего-гьанже гьарурал бачаздаги гьезул улбуздаги ракI бухIун, таракторалда нахъа чанагъги бан ана дун цо нухалъ Сасикь Къебелъул гохIда колодаса Лабазанил АхIмадихъа щвараб гьеб цIезе. Гуребани гьеб соналъ рикьизе щварал хIайваназулги бащдал нахъе хутIулароан.
1993 соналъул хаслихъе цо рукъ гьоркьоб течIого можороги рехун рикьана гьел. ГIумруялъ цо къоялъгицин колхозалда хIалтIичIел гIадамазги ана щвараб жо бачун. Цо цIунтIасев вукIана нилъер гIаданги ячун нилъехъ чIарав. Гьесги ана бищун лъикIаб гIака.
ГIачи рикьун хадур лъабго соналдаса гьединго можороги рехун рикьана 4-5 азарго гIиялъул нахъе хутIарал цо дагьалго чахъабиги. ХутIун рукIана пермаби. Аллагьасул цIарги бахъун гьарана дица риххуге гьелин, нилъер росдае месед бугин гьебин.
ГIодор накабиги чIван гIодичIоха гьеб къоялъ. Кодор гвоздодералги ккун рачIарал нилъер цо кIудиял чагIаз: «Гьалъ бичизабуна нижеда нижер гIи гIандадерие», - янги абун, хадур гIолохъабиги гьарун биххун гIодобе рехана Энко перма.
Чанго миллион гъурущ гIарац ана сасикьезе кьезе, нилъер колхозалъул кассаялдаса судалъ бахъун, Майданалда букIараб пермаялъухъ, Майдангун цадахъ гьеб нилъее бачIараб соналъ. ГIемер заманго инчIого гьебги пана-пасат гьабуна нилъер гIадамаз. Гьединго, спортзал базе бугин абун харбалги рицун, биххун рехана ЦIаданикь аххада букIараб пермаги. Спортзалги бачIо, рихьи-цIул, маххги кибе араб лъачIого тIагIана. Лъие квешлъи гьабулел гьал рукIарал дида лъаларо. Гьединаб хIалалда, Асали кIалтIаса байбихьараб КьуртIа нахъе щвезегIан, хIамил мугъ бахчизегIанасебцин бакI течIого, биххун бана колхозалъ тIох гьабун букIарабщинаб бакI.
Таракторалги юк баччулел машинабиги рукIана Пахруханица росулъ цо бакIалдаги ракIарун цIунун чIезарун. Цо чагIаз, чвантинире кIулалги ран риххун, рикъун гьелги лъугIана.
ХважакIил Юсупил ГIумар:
- Къеди колхозалъул нухмалъулевлъун дун вищана 1994 соналъул 4 октябралъ. Гьеб заманалъ магIарухъ ругел къедисезде Шаваялда ругел къедисезул дагIба букIана, хутIун батаниги колхозалъул жо цохIо хъутада гурони хутIун гьечIин, гьединлъидал передседател хъутада чIарав вукIине кколин абун. Гьедин букIиналъги, жамагIат гIемер гьарун бачIиналъги босизе ккун букIана гьеб хIалтIи тIаде. МагIарухъ букIараб боцIиги гIадамазе бикьараб, хъутадаги гьенибги бикьичIого, бикъичIого хутIараб жоги цебе букIаралъул бащалъиялъул бащалъицин гьечIеб колхоз бугеб заман букIана гьеб.
Цо-цо нилъер гIадамазул цIакъ гъира букIуна тара-тарав передседателас кванан лъугIанин колхозин абизе. Бечед гьабиялъул бицинего бицинарин, хутIараб жо цIуниялъегIаги гьез жидецаго щиб гьабураб?
Гьеб хIалтIуде лъугьиндал дихъе бачIараб 1240 бетIер гIиялъе завфермалъун херав ГъалбацIгIали тезе ккана, цогIаги гIолохъанчи гьеб тIаде босизеги вилълъинчIого. Гьединго гIи хъутаде бачун инеги, гьезие вехьлъи гьабизеги щвечIо нилъерго чи.
ХIукуматги биххараб, пачалихъалда жаниб гIадлуги хвараб, гьединлъидал щибго кумек гьелдаса гьечIеб заманги букIана гьеб. Ракь бекьизеги, хьон босизеги, хер бецизеги, хIалтIухъабазе харжал кьезеги, цоги къваригIаралъеги ричизе кколаан гьел чахъаби. Дун вачIиндал кIудияб налъиги батана колхозалда тIад. Бичун боцIигун гьебги бецIизе ккана дица. Ричун гьезухъ щолеб жоги щибха букIараб? Цо куй бичун бачIараб гIарцухъ цо нухалъ Хасавюрталдеги нахъеги бачине машинаялде тIезе цIатари щолароан. Гьелда тIадеги 1995 соналъ росдал къо гьабулебан абунги бикьа-биххана кIинусгоялде бахараб бетIер хъахIабги чIегIерабги боцIул. Щиб, кибе, кигIанасеб араб хъварал актал руго нахъе, лъазе къваригIарал балагьизе бегьула.
1996 соналъул хаслихъе магIарухъ росулъ бикьана колхозалъул нахъе хутIараб гIи. Гьеб бикьиялъул акталда гъоркь дица хъван буго дун гьелда рази гьечIин. Дица росдада абулеб букIана, гьаб хIукуматалъул ишги битIа-бишун ккун цIидасан колхоз бакIаризе лъугьани, кьезеян къотIи бугониги, гIадамаз жидеца араб боцIи нахъе кьоларин, гьеб сабаблъун гьел туснахъ гьариялдеги иш ккезе бегьулин. Бикьун гурого чIоларого ратани, кIочене тогейинги абуна, гьеб боцIуда гьоркьоб щивав къедисесул бутIа букIинги.
Дихъ щивго гIенеккичIо. БутIа кколев-кколарев чиясул хIисабги гьабичIого, цо рукъ гьоркьоб течIого, можороги тIамун, гIи бикьана.
Цоги дица абулеб букIана, колхозалда тIад гIемераб техника бугин цебего тIагIараб, амма жеги жиндаса налог бахъулеб, рачIайин гьеб нилъеда тIаса бахъейин абун хIукуматалде гIарза хъвазе. Гьелдаги щивго гIенеккичIо, ара-арасда бецIизеги гьабун техника бакIаризе кколин чIана. Гьеб бецIиялъул хабарги нухдаго хутIана, гьелдаса кколеб налог сабаблъун хIукуматалъ, цоял кепкил багьаялда ричун, цогидал ричизе риччаларин абун лъугьарал гIадамаз риххун, хъутада рукIарал пермабазулги нахъе жо хутIичIо.
1997 соналъ дун хIалтIудаса нахъе унаго колхозалда тIад цо гъурущги налъи букIинчIо, цохIо Гьигьалъа Шахбатирица гьабураб хIалтIухъ кколеб 800 тук хер гуреб. Гьебги гьес исана къваригIун гьечIин, хадусеб соналъ босилин тараб букIана. МухIканаб къадар ракIалда гьечIо, амма лъала, дихъе рачIун рукIарал 85 хIайваналдасаги гIезегIанго цIикIун хIайванал дица нахъе кьураблъи. 110-гIаги бетIер букIанин ккола гьезул. Дир завперма ХI. МухIамадхIабибил гьунаралдалъун букIана гьеб цебетIейги.
Нижеца хIалтIи нахъе кьун хадуб бащдаб лъагIалидаса, 1998 соналъул февраль моцIалъ росдае бикьизе щун буго 46 хIайван. Щай гьеб гьедин ккараб дида лъаларо.
…………………………………………
1999 СОН…
Россиялъулгун чачаназул букIараб тIоцебесеб рагъ унел 1995-1996 соназ Россиялъул аскариязул цо къокъаялъул чIей букIана, тIоцебе - Гьакъобе унеб гIансикIкIалалъул аххада, хадуб - Энко колхозалъул букIараб пермаялда жаниб. Рагъ лъугIараб 1996 соналдаса хадуб гьез бухъа-хъирщун, жидеего чIезе бакI гьабуна ГьитIинаб рохьалъул Майданалда. ГIарадабиги, танкалги, цоги рагъуе къваригIунеб-хIажатабщинабги –камураб жо гьениб букIинчIо. Гьеб аскаралъул гьединалго рагъулал щулалъабиги рагъухъабиги рукIана Эхеде мухъалъул цоги-цоги бакIаздаги.
1999 соналъул ихдал Эчеда майданалдеги бачIун рагъулаб щулалъи гIуцIана гьелде щвезегIан Чачаналъги чIун хIадурлъулеб букIараб, жинда гьоркьор цIикIарасел ЦIумада районалъул гIолохъаби ругеб, исламалъе гIоло гъазаваталъе бахъарабин абулеб, Санкьадаса Багьавдиница бетIерлъи гьабулеб рагъулаб къокъаялъ. ГIурул кIалдаса эхедехун бугеб ракьалда Россиялъул хIукумат гьечIинги лъазабун, гохI-щобазда ярагъгун хъаравуллъиги лъун, чIегIерал байрахъалги рорхун чIун рукIана гьел гьеб соналъул август моцI бачIинегIан. ХIикматаб жо, Багьавдинил гьел рагъухъаби Эчеда майданалда рештIиналде цебе, гьеб мухъалда букIарабщинаб Россиялъул аскар, рагьун гIорхъабиги тун, нахъе ун букIана. Гьединго гьеб нахъе ун букIана Къеди майданалдасаги, Дагъистаналъул ва Чачаназул гIорхъода ругел цоги-цоги бакIаздасаги.
МухIамадсултIанил МахIмуд:
- 1999 соналъул 3 августалъ хабар бачIана Санкьадаса Багьавдинил боевиказ Сабигулал Сулейман чIван вугин абун. Гьев гьел соназ милициялда хIалтIулев вукIана.
Агъвали росу бахъизе унел гьел чIезарун руго Дачаялда нух ккун рукIарал милицаз ва аскарияз. Гьениб кьвагьа-гIанхъиги ккун чIван вуго лъабго милициялъулав.
Гьеб къоялъ сардилъ росулъ бакIарана жамагIаталъул данделъи. Гьенир цере лъурал суалазул цояб букIана Къиялъа жанире рачIине бегьулел боевиказдаса росу цIуниялъул суал. Гьебго сордоялъ ярагъ-матахIгун дунги, ГIабдухабирил ГIумарги, ГъазихIмал ХIасанги ана хъаравуллъуде. Бухъа-хъиршун, ганчIазул сангарги гьабун, чIезе бакI хIадурана Лъебелазул къайида гъоркь щобда. Гьеб букIана нилъер росдал тIоцебесеб хъаравуллъи (пост). Хадусел сардаз гьел цоги-цоги бакIаздаги гIуцIана ва гьенир чIезе гIолохъабазул лъаб-лъаб, ункъ-ункъ чи вугел къокъабиги ана.
Гьеб хIалалда чанго къо ун хадуб Агъвалиса хабар бачIана, армиялда ун рукIарал гIолохъаби гьоркьоре рачарал рагъулал къокъаби гIуцIулел ругин, гьенир гIахьаллъизе бокьарал чагIи къедисезулги рачIайин абун. Дунги малъун нилъер гьединазул гIуна 16 чи.
1. Мусадибирасул ГIусман.
2. Лабазанил Шарапудин.
3. М-СултIанил МахIмуд.
4. Мусадибирасул ГIумар.
5. Багистанил Шамил.
6. Гъазиясул Тажудин.
7. Расулил Жанбулат.
8. Багьавдинил Расул.
9. Завурбегил ХIадис.
10. Асадулал Анварпаша.
11. МухIамадил ГIалавдин.
12. ГъазимухIамадил ХIажимурад.
13. Супянил Мустапа.
14. Сабигулал МухIамад.
15. М-расулил Пирбудагъ.
Мустапал автобусгун ва Шарунабил УАЗгун ниж Агъвалире ана ва, гьениб военкоматалда хъвай-хъвагIаялги гьарун (контракт), ярагъги босун тIадги руссана. Росулъ гьел гIолохъабаздаса гIуцIана кIиго къокъа. Цоялъул кIудияв вукIана дун, цогидалъул – Мусадибирасул ГIумар. ГIаммаб цебехъанлъи гьабулеб букIана Мусадибирасул ГIусманица. Цо чанго къоялдаса нижеда гьоркьоре рачIана Надирбегил ГIалиасхIабги, Гъазиясул Пайзудинги, Мусадибирасул МухIамадхIажиги, Асадулал МухIамадил Арсенги. Цо кIиго чи нахъеги ун вукIана.
ПалхIасил, яргъид гIуцIараб, 7-7 чи вугеб кIиго къокъа букIана росулъ, аскаралъул букIунебго гIадинаб гIадлу-низамалда жал хьвадулел. Нижей букIана бихьизабураб хIукуматалъул харж, кьолаан квен-тIехги рагъухъабазул ретIел-хьитги. ЧIолеб бакI букIана росдал кулубалда жаниб.
Гьединаб хIалалда гьеб гьитIинаб бо биххизе биччачIого цIунун букIана гьеб соналъул декабр моцIалде щвезегIан. Нижер хIалтIи букIана росдада сверун бакI-бакIалда рукIарал постазда хъаравуллъи гьаби, росулъе рачIунел-унел, хасго батIиял росабалъа гIадамазулги гьезул машинабазулги хал гьаби.
Гьеб моцIалъул ахиралда дунги ва цо чангоявги гьениса нахъе ана, хутIарал, Агъвалире ун, жеги чанго моцIалъ гьенир рукIана, милицазулго гIадинал ихтияразда, районалъул батIи-батIиял кIвар бугел бакIал цIунун.
Ниж гурелги, росулъ гьеб заманалъ букIана хIукуматалъ ярагъ кьураб 22 чиясдаса гIуцIараб цогиги къокъа. Гьезда абулаан ополченцалин. Нижеда - контрактникалин. Гьеб къокъаялъул кIудияв вукIана Асадулал МухIамадги ГIашикъилазул МухIамадги. Нижер гIадинаб кьварараб гьечIониги, гьезулги букIана цо чIараб гIадлу-низам ва гьездаги тIадаб букIана росулъ ва росдада сверухъ хъаравуллъи гьаби.
Аларханил Шарунаби:
- Армиялде контракт (къотIи) хъвазе гIолохъаби нилъер Агъвалире ана дир УАЗги Мустапал автобусги цIун. Нилъер районалда жеги гьеб хъварав чиги вукIинчIо, тIоцересел рукIана къедисел. Гьениса кьураб ярагъги, ретIелги, цоги къваригIунеб-хIажатаб жоги босун тIадги руссана. Ярагъ букIана батIи-батIияб: автоматал, пулеметал, гранатометал, жалго гранатабазул ва потроназул ящикIал. Къедисезгун цадахъ контракт хъвана Сасикьаги лъабго чияс.
Гьелдаса нахъе кигIан заман араб ракIалда гьечIо, дир машинагун ва автобусгун нилъер цогидал гIолохъабиги ана Агъвалире ва ополченцал ругин абун хъвай-хъвагIайги гьабун, гьениса кьураб ярагъги босун тIад руссана. 22 чи вукIанин ккола гьезул. Кьураб ярагъги букIана 1964 соналъул СКС тункIал. Сардилъ кватIараб заманалъ щвана ниж ГIурул кIалтIе. Гьениб хъаравуллъи лъун букIана милицазги аскариязги. Гьезул борхулеб гIералда цеве щведал дица машинаялда жаниб чирахъ бакана. Нижгун цадахъ вукIарав росдал бегавул ГIабдухабирил Надирбег, машинаялдасаги рещтIун, аскариязул хъаравулзабигун кIалъазе цеве ана.
Гьезда аскIовецин щвечIого Надирбег нахъ вуссун вачIана эхеде риччалел гьечIинги абун. Гьедин гьес абидал дица машина нахъе кьуна ва Агъвалибехун сверизабуна. Гьеб гьабун бахъинелде нижер рахъалде кьвагьизе байбихьана гьениб чIун букIараб БМП ялъул пулеметалдасан. ЦIадул мухъалги нахъе толаго гуллбузул халатал чIорал рукIана машинаялда тIасанги ун кьурабалъ речIчIу лел. Лъугьунеб бугеб жо бичIчIичIого дица машина лъалхъизабу на. Лъалхъана кьвагьиги. Цинги гIедегIун нижеда аскIове вачIана цо милициялъулав ва ахIдон абуна нуж кирейин, нужеда чирахъал свинареян абун букIанин. ГIурул хъуялъ гьеб битIун бичIчIичIев бегавуласда гьез «Нахъе сверизабе!» - ян ахIанин ккун букIун буго. Ярагъгун ругелъул, машинаялда жанибги канлъи бакизе бе гьулароанин абуна гьес. ЧIван гIодоре разе дагьаб жо хутIанин ну жин тIадеги жубана.
Пирбудагъил НурмухIамад:
- Гьеб иш ккараб соналъ дун хъизангун Шаваялда вукIана. Ополчениялде хъвалел ругинги рагIун росулъе вачIунаго, Хасавюрталда щведал, гьенив дандчIварав Асадулал Адилгерейица дие махсаро гьабуна: мун кивейин эхеде, гIадамал лъутун эхере рачIунел ругин абун.
Росулъе щведал контрактниказулги ополчениялъулги къо-къабиги гIуцIун лъугIун ратун, дихъеги дун гIадин кватIарал цогидазухъеги хIукуматалъул ярагъ щвечIо. Гьеб щвечIин абун нижги рокъо-рокъор регун рукIинчIо - гьениб бахъараб цо моцIгин хадуб заман, гохI-щобазда рухъарал гвендахъги регун хъаравуллъуда ана.
Цого-цо сордоялъ вукIана ретIелцин бахъичIого рокъов тахбакIида хьибил чIван. КъватIиб кьвагьа-гIанхъиги рагIун гьенисаги вахъине ккана. Щибго хIажат гьечIого кепалъеги кьвагьулаан цо-цо гIолохъабаз, хIинкъидалги кьвагьулаан. Сардилъ гIалахалда хутIарал цо-цо хIайванал чIвай гуреб цоги зиян-зарал чиясе ккечIого лъугIана гьеб «рагъ» Къедиб. ГIемер заман инчIого, гIадамазухъе кьун букIараб ярагъги хIукуматалъ нахъе бакIарана.
(хадусеб 8 бут1а Ц1ИЯБ ЗАМАН)
Свидетельство о публикации №226040601793