Къеди ва къедисел. 8 бутIа. ЦIияб заман

КЕДИ И КЕДИНЦЫ
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 8
НОВОЕ ВРЕМЯ.
(На аварском языке)

Вступление

ЦЕБЕРАГIИ

Ункъракьалъул цогидал росабазда данде ккун, цо жидеего хасаб гIамалги бугел, гIадатазул кьучIдаса кьуризаризеги бакIал гIадамал руго къедисел. ГIелмуялда жаниб гьединал гIадамазда цIар тун буго консерваторалин, ай жидерго хаслъи, гIадатлъи щулаго ккурал абун.
Унго-унгоял консерваторал гIадин гьел кидаго данде рукIана, инкъилаб гIадинал, пачалихъазда жанир кколел кIудиял хиса-басиязда, гьез цIакъ захIматго, щакдарилаго къабул гьаруна цIиял, ричIчIизе захIматал жал.
Гьединлъидал ратила гьел 19 гIасруялда имамзабазул рахъ кквечIел росабазул сияхIалда жаниреги ккарал. Гьединго гьез рахъ кквечIеб 1861 ва 1871 соназ Ункъракьалда рукIарал питнабазулги ва гьел гIахьаллъичIеб 1877 соналъ букIараб, «Къокъаб шаригIат» абун жинда цIар тараб рагъулаб багъа-бачариялъулъги. 1917 соналъ пачаги тIаса рехун цIияб гIумру гIуцIизеян рахъарал балшевикIазулги гьез рахъ кквечIо. Гьезда данде вагъизе вахъарав Нажмудин имамасул бодулъ рукIана.
Араб гIасруялъул 90 аб соназдаги, диналда жаниса гIадатал къватIире рехейин, нужер гIумруги гIамалги Исламалда борцун гьабейин ахIизе рахъарал цо-цо гIадамазухъги гIенеккичIого, къедисез жидерго гIадлуги гIамалги гIадат батараб къагIидаялъ цIунана, мажгиталдаги, рокъобги, годекIанибги гьел «цIиял» ахIиязул асар хъвазе течIо.
Дагъистаналда тIад кирго щун тIиритIун рукIаниги, тIаде бахъараб, бицинегIадаб дагIба-къец гIадамазда гьоркьоб гьел ахIиял сабаблъун гьеб заманалъ жеги букIинчIо. Гьеб байбихьана 1999 соналъул ахиралда ва 2000 соналъул байбихьуда Дагъистаналдаги Чачаналъги ккарал лъугьа-бахъинал сабаблъун.
Бокьарас бокьараб бицинеги гьабизеги бегьулеб эркенаб заман букIиналъ гIемерлъун рукIарал батIи-батIияб пикруялъул гIадамазда гьоркьоб гьеб соналъ зулму-хIалалъулги жахIдаялъулги рагьараб цIа бакана. Гьеб цIа боркьизабизе хIукуматалъги жинда кIвараб жо гьабуна. Цинги мацIихъабазги, цо-цо цIаларалин цIар бугел гIадамазги гьеб свинеги течIо.
Гьеб хIалалда араб 10-15 соналда жанир гьеб цIадаре ккун аза азар гIолохъанчи камуна Дагъистаналъеги цоги гьелда мадугьалихъ ругел халкъазеги. Руччаби-ясал, лъималгицин гурхIун течIо гьелъ. Гьелги гIемерал камуна эбел-инсуеги гIагарлъиялъеги. ТIаде кIанцIарав тушман гьечIого, лъазабураб рагъ гьечIого, улбуз магIу тIезе ккана, руччаби къороллъана, лъимал бесдал хутIана.
Жиб-жиб къойилги, къо гьоркьоб тунги рагIулаан цо щив вукIаниги чIван вугин, пуланав чи тIагIун вугин.
Цоял мегеж тун бугин чIвана, цогидал погонал ран ругин чIвана, лъабабилел – гьезул рахъ кколел абун чIвана. ХIасил, рахьалда тIасан тIорахь босулеб гIадин, росун ана гьеб гIелалда гьоркьоса сахав щинав чи. Ярагъ кодоб боси-босунгутIиялда бараб жоги гьениб букIинчIо.
ЦохIо гьитIинаб Сасикь росулъацин 30-ялдаса цIикIкIун гIолохъанчи чIван вуго гьел соназ гьеб бичIчIулареб рагъда. ГьедигIанасев чи цо росулъа камураб балагь цоги киданиги бихьун батиларо Ункъракьалда.
КигIанго жалго жидецаго цIунун нахъегIан къан чIун рукIаниги, цIияб заманин нижеца цIар тарал гьел соназ гьеб балагьалъул цIа къедисездаги хъатIичIого хутIичIо. Лъабго гIолохъанчи камуна гьезиеги. Гьев лъабасдаго гьоркьоса тIоцевесев, яги, абизе бегьула, гьеб рагъалъул киналго къурбаназул тIоцевесев вукIанин, 1999 соналъул август моцIалъ Агъвалив Дачаялда чIварав Сабигулал Сулейман. КIиабилев вукIана Бабаюрталда гIумру гьабун вукIарав ИмангIалил АхIмадханил вас МахIмуд, лъабабилев – АхIмадил вас Шамил. Киназдаго Аллагь гурхIаги.
Гьел захIматал соназ росдае бегавуллъи гьабуна жиндир мунагьал чураяв, 2014 соналъ кьурулъа вортун хварав ГIащикъил ГъазимухIамадил МухIамадица. Абизе бегьула, гьев чиясул бахIарчилъиялъги, ислам диналъул гIелму цIаларал росдал гIолохъабазул лъаялъги, жалго къедисезул сабру-яхIалъги, гьай-гьай, Аллагьасул гурхIелалъги рорчIанин къедисел гьеб балагьалъул кIудияб заралалдаса.
Рехсолеб заманалъ росулъ ккарал, кIвар бугел, рицине мустахIикъал ишаздасаги лъугьа-бахъиназдасаги буго 2002 соналъ лъар бачIун гьелъ росдае зарал гьаби ва гьеб зарал бецIун хIукуматалъ гIадамазе гIемераб гIарац кьей. Гьеб лъаралъ цIакъго кIудияб зарал гьабуна сасикьезе. Гьезул цIикIарасеб росу ччукIизабуна. Гьединлъидал киналго гьезие хIукуматалъ лъикIаб рецIелги кьуна ва гьезул гIемерисел гочун гIатIиракьалдеги ана.
90 соназул ахиралда, 2000 соназул байбихьуда лъалеб цебетIей лъугьана къедисезул гIумруялда жаниб. Росулъ рахъ-рахъалдаса резиналъул мащабиги лъун лъим бачана, батIи-батIиял гIалахазде машина унел нухал рахъана, гIемерал цIиял минаби рана. Бана росу аххада кIудияб кьоги. Гьелъие гIарац биччана хIукуматалъ. Гьединго росулъ жаниб, тIасияб авалалде унеб нухдаги лъуна тIасан машинаби хьвадизе бегьулеб кIудияб маххул кьо. Гьеб хIалтIи гьабизе гIарац бачIана АмирхIамзал ГIабасица, росулъаги къватIисанги батIи-батIиял гIадамазухъаги щвана кумек. Кьо базе гьабураб гIемерисеб хIалтIи мухь босичIого киридахъ тана кьучIдасанго байбихьун гьеб барав АмирхIамзал МухIамадицаги.
Росдал гIадамазулги советалъулги дагьаб гурони кумек гьечIого, газа-белалъ бухъун рахъги бахъун, гьенир резиналъул мащабиги лъун ЦIаданикьа эхебе росдае лъим бачана гьеб заманалъ 70-ялдасаги цIикIкIун сонал гIумруялъул рукIарав, берзул канлъиги мукъсанав Зиявдинил Хайрулагьица. Гьелдаса хадуб чанго соналъ, цIияб лъим росулъе бачинегIан, гьел жинца лъурал мащабахъ лъим камунги гьес течIо. Накабиги чIван вукIунаан, мунагьал чурад, квералъ квашун, газаялъ хъирщун гьел мащабазул багьараб-тIураб бакI цIехолев, гьел къачIалев. Гьедин беразда канлъи гьечIониги, херлъун, унтун бусада ккезегIан мажгиталда как ахIулебги течIо гьес.
Къеди магIарда накIкI лъуниги, холеб нух букIана Сасикь лъарахъа эхеде къедисезул. Жиб-жиб риидалги, ккани хасалоги, газа-белгун гьенир хIал тIулел хутIун рукIуна ан росдал гIолохъаби. КигIан гьараниги цоги санагIатаб бакIалдаса гьеб бахъизе биччазе са сикьелги разилъичIого, 2010 соналъ къедисез хIукму гьабуна Гьанда буриса тIаде Асалибе ва гьенисан РичIагьанихъе цIияб нух бахъизе. БетIерлъуда росдал бегавул ГIащикъов МухIамадгун росдал гIада мазухъа бакIарана гьелъие гIарац, ралагьана къваригIунел маши наби ва, гIемераб хIалтIиги тIад гьабун, саламатаб гIарацги хвеза бун, Асалиб жаниб, ГIалисултIанилазул колодаса тIаде бугеб щоб де щвезегIан гьеб бахъана. Гьениб хIалтIиги чIана. Гьелъие ккарал гIиллабазул бищунго кIудияб букIана гьабизе рагIи кьураб кумек хIукуматалъ гьабунгутIи.
Гьеб заманалъ рукIарал районалъул тIадчагIазеги сасикьезеги бокьун букIана Къедибе унеб нух бугеб бакIалдасан-лъарахъан хутIизе. Гьел бергьана ва, гIемераб гIарацги тIад хвезабун, Сасикь лъарахъа эхеде кIудияб къед бана ва гьеб къеда тIасан лъикIаб нухги гьабуна. Гьедин гьеб ишалъ тIубана кIиго кIвар бугеб суал: тIоцебесеб – Къеди нухалъул, кIиабилеб – Сасикь росдал цо авал ччукIун бачIиналдаса цIуниялъул.
2016 соналъ, эхер ругелги магIарухъ ругелги къедиселги гIахьаллъун, Къурбанил сали абулеб бакIалда базе байбихьана ва 2019 соналъ лъугIун, кIудияб байрамги гьабун росдахъе кьу на хIетIеялъ торгIо хIалеб, гъоркь тамахаб чIабар бугеб майдан. Гьединго росдал къулгIаялда тIадги бана кIиго тIалаялъул кIудияб мина, бертин, кверкьей гIадал росдал хIажалъаби жанир тIуразе санагIатаб. Гьел соназ киналго къедисезул кIвахI гьечIеб жигарал далъун гьаруна цоги-цогиги росдаего кIвар бугел хIалтIаби.

ГIЕЛМУ, ЛЪАЙ КЬЕЙ ВА СПОРТ

ИСЛАМИЯБ ГIЕЛМУ ЦIАЛАРАЛ КЪЕДИСЕЛ:
(19 гIасру - 20 гIасруялъул байбихьи)
 
1. НурмухIамадил Сиражудин.
2. ГIусманил НурмухIамад.
3. КIудияв Лабазанил Ибрагьим.
4. КIудияв Лабазанил ГIусман.
5. МуртазагIалил СагIид.
6. СагIидил МухIамадхан.
7. МухIамадханил Сахру. 
8. Имам Шамилил наиб ГIавухъа МухIамад.
9. ГIавухъа МухIамадил МуртазагIали.
10. МуртазагIалил ТIалхIат.
11. Чупанил Сайгид.
12. ХIажимухIамадил ЩагIбан.
13. Сахрул Сайфудин.

ШКОЛАЗУЛ ОЛИМПИАДАБИ БЕРГЬАРАЛ:

Газимагомедов Рамазан Исмаилович.
Победитель региональ ного этапа Всероссийской олимпиады школьников по русской лите ратуре 2015 г.

Усманов Мусадибир Омарович.
Победитель Республиканской олимпиады школьников по физике 2017 г.

МЕСЕДИЛ МЕДАЛАЗДА ШКОЛА ЛЪУГIАРАЛ:

Умаханова Зайнаб Э. Махачкалинская 13-я школа-гимназия, 2011 г.
Газимагомедов Рамазан И. Бабаюртовская школа-интернат, 2015 г.
Умаханова Патимат М. Аджидадинская СОШ, 2015 г.
Исаева Хадижат М. Аджидадинская СОШ, 2015 г.
Абубакаров Саид П. Аджидадинская СОШ, 2015 г.
Баталиева Зайнаб А. Шавинская СОШ, 2017 г.
Хайбулаева Аминат М. Шавинская СОШ, 2017 г.

КЪУРЪАН РЕКIЕХЪЕ ЛЪАЗАБУРАЛ:

1. МухIамадсултIанил ГъазимухIамадил МухIамадсултIан.
2. АмирхIамзал МухIамадил ХIадис. (Дамаск).
3. МухIамадил ГIумарасхIабил Мухтар. (Дагъистан).
4. АмирхIамзал МухIамадил Зайнаб. (Дамаск-Каир).
5. АмирхIамзал ИсмагIилил Сакинат. (Дамаск-Каир).
6. ГъазимухIамадил АмирхIамзал ПатIиматзагьра. (Дамаск).
7. АмирхIамзал МухIамадил Загьра. (Стамбул, 2020 сон).

СПОРТАЛЪУЛ ЧЕМПИОНАЛ:

1. Муртазалиев Махач. Призер Олимпиады 2004 г., Афины. Трехкратный чемпион мира. В. борьба.
2. Магомедов Абдухалик Г. Чемпион мира. Тайский бокс.
3. Гаджимагомедов Магомед П. Чемпион мира. Каратэ-до.
4. Умаханов Нуцалхан. Чемпион мира. Рукопашный бой. 2019 г.
5. Чараев Ислам Ш. Трехкратный чемп. Европы. Греко-римск. б.
6. Лабазанов Узаир. Чемпион Европы. Б. самбо. Облад. Кубка мира. Рукопашный.
7. Абакаров Ахмед. Чемпион Европы. Б. самбо.
8. Муртазалиев Хаджимурад. Обладатель межконтинент. Кубка. В. борьба.
9. Магомедов Магомед Г.Чемпион России. Кикбоксинг. 2007 г.
10. Чараев Рамазан Ш. Чемпион России. Греко-римская б.
11. Расулов Салимхан С. Чемпион России, 2002 г. Рукопашный.
12. Умаханов Алиасхаб М. Чемпион всероссийского турнира по теннису.
13. Гидичев Гаджимурад У. Обладатель Кубка России, 2014 г. Рукопашный.
14. Муртазалиев Муса. Чемпион Армении. В. борьба.
15. Зиявдинов Зиявдин Г. Чемпион ЮФО, 2010 г. Рукопашный.
16. Исаев Иса А. Чемпион ЮФО. Каратэ-до.
17. Сайгидова Марьям С. Чемпионка ЮФО. Киокусинкай- каратэ. 2002 г.
18. Османов Усман М. Победитель первенства соцстран. Болгария 1987 г. Военно-прикладное многоборье.
19. Газимагомедов Хабиб М. Чемпион Дагестана, 2013 г. Легкая атлетика.
20. Абдулкеримов Рамазан А. Чемпион Дагестана. Грэплинг. Микс комбат.
21. Гитинов Хабиб М. Чемпион Красноярского края. Б. самбо.
22. Саадулаев Сулиман. Чемпион ЧР. Тхэквондо.
23. Саадулаев Саадула. Чемпион ЧР. Тхэквондо.
24. Исаев Хайдархан М. Чемпион Кустанайской обл. Казахстан. Бокс. КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ 496
25. Насрудинов Магомеднаби П. Чемпион Дагестана. 1974г. Самбо. Победитель первенства Дагестана среди уч. заведений. 1973 г. В. борьба.
26. Хиличев Магомед Х. Чемпион Дагестана. Бодибилдинг. 1974 г.
27. Сапиюлаев Магомед. Чемпион Дагестана. Тхэквондо. 2019 г.
28. Магомедов Хабиб Х. Победитель республиканского турнира по грэплингу. 2019 г.

ЦIАР РАГIАРАЛ ТРЕНЕРАЛ:

1. Муртазалиев Махач Далгатович. Старший тренер сборной России. В-борьба.
2. Гидичов Умарасхаб Мухтарович. Заслуженный тренер РФ. Бокс.

2016 СОН. «КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» АБУРАБ ХIАРАКАТ ГIУЦIИЯЛДА ТIАСАН ЧАНГО БАХIС

Ассаламу гIалейкум, росуцоял. Интернет буго хIалтIизабизе лъани цIакъ пайда бугеб жо. КъваригIун буго пайдаялъе гьеб хIалтIизабизе нилъедаги лъазе. ГьанжелъизегIан гьелъие гIемераб хIал бихьана нилъер цо-цо гIолохъабаз, амма гьелъул хIасил чай гьекъеялъул ва щив кин кьижарав бициналъул накъиталде буссана. АлхIамдулиллагь, цохIо «Пайдаялъул каву» абураб къокъа нилъее пайдаяблъун лъугьана.
Гьениб диналъул гурони бицине бегьуларелъул, нижеца хIисаб гьабуна нилъее къваригIун бугин росдал ва росдае къваригIараб хIажаталъул бицун гьелда тIасан кIалъаял гьарулеб цо хасаб къокъа. Чай гьекъеялъул бицунеб базаралде гьебги буссинчIого букIине гIоло, чIезабизе ккола кьварараб гIадлу. Гьаниб букIине ккола цохIо ТЕМА ва гьелда ТIАСАН КIАЛЪАЙ. Къокъаялъул гIахьалчагIилъунги рукIине ккола нилъер кIудиял чагIи ва гIадлу цIунулел гIолохъаби. ГIадлу хвезабурав чиги цIоб тун къватIив рехун, цо моцIалъ баналдаги лъезе ккола. Вассалам.

БАНКАЛДА СЧЕТ РАГЬИ

Ассаламу гIалейкум, росуцоял.
Бокьун буго къедисезе къваригIарабгун хIажалъаралъе гIарац бакIаризе банкалда рагьизе бугеб счеталда тIасан дагьаб хабар гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ бицун жидеда кIалъарал къедисез ниж кантIизаруна цо гьадинаб жоялде:

ТIоцебесеб:
Жинда тIад счет рагьулев чи вукIине ккей жиндир ритIухълъиялда гIемерисел къедисел божарав яги божи бугел гIадамаз жавабчилъи тIаде босарав;
 
КIиабилеб:
Мобильный банк абулеб жоялда жанир рукIине ккей Къедиса, МахIачхъалаялдаса, Хасавюрталдаса, ХIажидадаялдаса, Шаваялдаса, Аксаялдаса, ЦIияб Гъагъалъа, Кобиялдаса кIи-кIи чиясул телефоналъул номер, гьел гIадамалги рукIине ккей жал гIумру гьабун ругел бакIазда ругел къедисез тIаса рищарал;

Лъабабилеб:
Гьел, жидер тел. номерал банкалде кьурал гIадамал рукIине ккей гьеб бакIарараб гIарцул гIадлу-низам гьабизе къедисез гIуцIараб комиссиялъунги.
Гьаб лъикIаб, къваригIараб, жиб гьечIого нилъее рес гьечIеб иш нухда бачиналъе тIоцебесеб галилъун буго банкалда счет рагьи ва гьеб хIалтIизе биччай. Гьаб гали берцинго, ракI жубан, божилъиялда нухда лъезе нилъеда бажарани, иншаАллагь, хадусел галаби нилъее бигьалъила.
Нижеца гьаниб бицараб жо битIараб бугин абизе гIедегIичIого, гьелда тIад ургъе ва тIаде жубазе яги тIаса бахъизе жо батани, абе. Вассалам. …………………..........................
Ассаламу гIалайкум. Гьаб хабаралда жаниб бугеб тIоцебесеб суалалда тIаде жубазе бокьун буго гьадинаб жо:
гьабизе ракIалда бугеб иш берцинго нухде ине ккани, букIине ккола божилъи. Гьеб счеталъул хабар бициндал чанго чияс суал кьуна лъида тIад рагьулеб бугеб абун. Нижерго рахъалъан абуни, кIвар гьечIо гьеб лъида тIад рагьаниги. Бокьарав къедисесда ниж божула. Божуларел гIадамалги рукIин бихьидал бицараб хабар буго. Лъида тIад гьеб рагьаниги, гьединал гIадамазул хабар тIагIунареблъиги нилъеда лъала. Кин букIаниги, гьеб хабар дагь бугони хIалтIи берцинлъула. Счет Салманил М – хIабибида тIад рагье, гьесул жаваб кьезе тIаде босулел гIадамазул цIаралги хIадуре халкъалда цере лъезе.

КIиабилеб суалалда тIасанги абила гьадинаб жо:
киналго къедиселги гIахьал гьарун гьабулеб иш бугелъул, гьеб байбихьилелдего гьезухъги гIенеккани, гьезулги жиб-жиб бакIалдаса гIадамал гьоркьоре рачани, гьаб хIаракаталъул къуват цIикIуна. Нижеда ккола, байбихьи гьелдаса гьабуни, лъикI букIинин.

ГIемераб жо цадахъ гьабулеб бугони, гьезул цогIагияб берцинаб, щвалде щвараб лъугьунаро. Нижер хIисабалда, лъикI букIина, гьабсагIаталъ гьаб цебе рехсараб ишги бажаранагIан роцIцIинабун хIалтIизе биччан, цогидаб гьелда сверухъ бугеб жо: устав, комиссия ва гьединго цогидаб хадуб гьабизе тани, гIадамаздаги гьедин бичIчIизабуни. Вассалам.
……………………...............................

Гьаб дунялалда тIад чиясе бищун кIудияб бечелъи буго ЛЪАЙ. ГIарац – месед, магIишат – яшав жакъа бугони, метер гьечIого хутIизеги бегьула. Амма ЛЪАЯЛДА кинабгIаги кризис хъатIуларо, гьеб лъицаниги бахъуларо. Гьелъ бечед гьабула, берцин гьабула чиясул гIумру, кIодо гьавула дунялалда, гьелъул даража щола ахираталда.
Щибха нилъеца - къедисез гьабулеб бугеб гьеб бечелъи нилъер лъималазегIаги щвеялъе.
ЩИБНИГИ!!
Араб соналъ Къедиб школалъ къватIиб биччараб 9 классалъул кIиго чиясда гурони кIун гьечIо ГИА экзамен кьезе! Гьелъ бицунеб буго нилъ щал ва щиб гьабулел чагIияли. Бихьулеб буго нилъее ургъел гьечIолъи нилъер лъималазул цIалиялъул.
Ургъизе къваригIун буго гьеб суалада тIад.
 …………………….

«КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» ЖУРНАЛ[353]

ХIурматияб къедисезул жамагIат!
Ассаламу гIалейкум ва рахIматуллагьи ва баракатугь!
Гьаб «Къеди ва къедисел» абураб къокъа гIуцIиялъул аслияб мурад, гьелъие ккарал цо-цо сабабал, гьелъ гьарурал хIалтIабазул ва бакIарараб гIарцул, гьединго гьел хIалтIаби тIуразе гьабураб нафакъаялъул (росходазул) баян буго гьаб.
 
Гьаб къокъа гIуцIиялъул аслияб мурад буго:

; росдал жамагIат, гIолохъаби цолъи.
; киналго къедисел цоцазда лъай.
; гIолохъанаб гIел цIалиялде, лъай тIалаб гьабиялде гьесизари.
; жидер гIумру берцинго, бацIцIадго, иман цIунун, дин щула гьабун гIуцIиялде гьел ахIи.
; умумузул букIараб гIаданлъиялда гьел лъадари. яхI-намусалда, бахIарчилъиялда,
; сахаватал ишазде, берцинал тIабигIат-ахлакъазде гьел тIоритIи.
; гьединго росдае къваригIарал жал тIуразе, цIиял ишал гIуцIизе, гьаб нилъер гIасруялда рекъон, цогидал халкъаздасан нахъе хутIичIого цере ине гьезие квербакъи гьаби.
; загIиплъичIого, тIагIинчIого, паналъичIого рукIине, кинабго росдал халкъ цо бакIалда ракIари, цоцазе кумекги гьабун церехун ун, тарихалда жаниб цо гвангъараб лъалкI тезе ва нилъер рачIу нел наслабазе тIадегIанаб мисалги хутIизе.
Гьединлъидал, гIолохъабаз ният гьабуна гьаб ишалъе кьучI лъезе ва рахъ-рахъалде бикьа-биххун бугеб къедисезул жамагIат цо къокъаялда бакIаризе, гьелъул бугеб кIудияб пайда-хайирги бихьун, гьедин гурони нилъер гьаракь халкъалда рагIулареблъиги бичIчIун, нилъер хIукъукъалги цIунизе кIолареблъи лъан, ва кинаб къагIидаялъ бугониги къедисезул жамагIат цо бакIалда бакIаричIого бегьизе гьечIолъиялдаги кантIун.
Гьаб къокъа гIуцIаралдаса ана лъагIалидасаги цIикIкIун заман. Гьеб заманалда жаниб нилъер росдал халкъалъе гIемераб пайда хайирги щвана, чанго ишги тIубана, цо-цо ишал жеги тIуралелги руго, ва тIуразе ракIалдаги гIемерал хIалтIаби руго, инша Аллагь.
Къокъа гIуцIун заманго инелде, 2016 соналъул хаслихъе магIарухъа гIолохъабаз бачIана хабар нухазул иш лъикI гьечIин, хIукуматалъеги гьелъул кIвар гьечIин, бокьилаанин гIазу балелде нухал гIатIид гьаризе кумек. ГIолохъабазул къокъаялъ росдал гьари къабул гьабуна ва киса-кибего ахIи бана. Къокъабго заманалда жаниб бакIарана хIажатаб къадар гIарцул ва Къедиса ГIурул кIалтIе щвезегIан нухал гIатIид гьаруна.
Гьаб ишалдалъун киназдаго бичIчIана гьаб къокъа гIуцIиялъул бугеб пайда ва баракат.
Гьединлъидал, гIолохъабазул къотIи ккана МахIачхъалаялда данделъизе ва гьелда тIасан гара-чIвари гьабизе.

Гьеб данделъиялда хIукму гьабуна:

; интернеталъул ватцапалда бугеб къедисезул къокъа (группа) гIатIид гьабун гьелда тIад хIалтIизе ва киналго къедисел гьеб группаялдеги ахIизе.
; МахIачхъалаялдасан байбихьун, къедисел ругеб жиб-жиб бакIалда данделъаби гьаризе.
Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна жидер санагIалъи рес бугел, гIатIиракьалда ва гьединго магIарухъ ругел киналго къедисез, цере лъуна тIоцере тIуразе ккезе ругел суалал, гьединго бищана тIоцебесеб админазул (хIаракатчагIазул) къокъа.

Гьаруна цоги гьадинал хIукмабиги:

1). Жиндир ресалде балагьун киналго къедисез гIарац данде рехизе, бакIарараб гIарцудалъун, бажарараб хIалалъ, тIурачIого рес гьечIел хIажалъаби тIуразе киналго къедисезул росабалъ.
2). ЛъикI цIалулел лъималазе ва гьезул учительзабазе гIарцул сайгъатал кьезе лъагIалида жаниб цо нухалъ.
3). ЛъикI цIалулел студентазе гьезул цIаралда ругел стипендияби кьезе.
4). Спортсменазе, гьезул бергьенлъаби рихьун, сайгъатал гьаризе. (ЦIалулгун спорталъул информация бакIаризе вакилзаби рихьизаруна щибаб бакIалдаса).
5). Аслияб росулъ, лъагIалида жаниб цо нухалъ лъималазда гьор кьор Къуръан цIалиялъул къецал тIоритIизе, бергьаразе сайгъаталги кьезе.
6). Гьал цере рехсарал хIукмаби тIураялъе гIоло къокъаб заманаялда жаниб гIарац бакIаризе.
7). ГIатIиракьалда яшав гьабун ругел къедисезул киналго росабалъеги, шагьараздеги ун, гьадинаб хIукму кканин магIарухъин абун гьезда бицине.

Гьеб данделъиялда рищарал гIолохъабаз къедисел ругелщинал бакIаздеги ун дандчIваял гьаруна ва Къедиса школлъималазеги гьезул мугIалимзабазеги сайгъатал кьуна.

Гьедин араб щибаб бакIалда гьел гIолохъабиги гьез бицунеб жоги къедисез берцинго, вацлъиялда къабулги гьабуна. Къокъаялъул хIаракаталъе хасго лъикIаб къиматги баркалаги кьуна, гьарурал ва гьаризе ругел ишалги реццана аслияб ватIаналда - Къедиб бугеб жамагIаталъ, ва гьеб жамагIатги букIана гьаб пикруялъе аслу лъурал ва гьел хIалтIаби гьаризе гIолохъаби гьесизарурал.
Гьелдасан хадур тIаде рачIана цоги ишал, футбол хIалеб майдан ва жамагIат рукъ, къулгIа бай. Гьениб гьабураб хIалтIул, гьеб щун бугеб бакIалъул, цоги гьарурал дандчIваязул хIакъалъулъ рахъарал цо-цо суратал ва хъвай-хъвагIаял гьаб альбомалда ракIарун руго, халалъизе бокьичIого гьанир лъечIого хутIаралги гIемер руго.
Буго гьединго росдае гьаризе ракIалда ругел цоги-цоги ишазулги халатаб сияхIги. Инша Аллагь, гьал лебалал гIолохъабазул кIвахI гьечIеб жигаралъ, гьаб къокъаялда бугеб гьезул гъункиялъ гьелги рагIалде рахъила.
Амма, кин букIаниги, гьел хIажатал руго гьаб къокъаялда гьечIелги къедисезул кумекалде, бичIчIиялде ва гьез нужги ахIулел руго гьенир гIахьаллъизе, цоги жо гьечIониги, лъикIаб рагIудалъун гIаги гьез гьабулеб жоялъул рахъ кквезе. Нилъер росдал цIаралъе гIоло, нилъер лъималазул лъикIаб гIумру букIине гIоло.

2017 соналъул 8 декабралъ Шаваялда букIана Къеди росдал хIаракатчагIазул иргадулаб данделъи.

Шаваялда ругел хIаракатчагIаз гIезегIан тIадчIей гьабуна росдае хъулухъ гьабиялда ва росдал хIажалъаби кIвараб хIалалъ хех гьарун тIуразариялда, хIатта магIарухъ унел ругел хIалтIабазда гьоркьобгицин гIахьаллъи гьабуна.
Гьеб данделъиялда росдал хIаракатчагIаз гьаруна гьал хадур рехсарал хIукмаби:
 
1. Росдал хIаракатчагIазул иргадулаб данделъи гьабизе кIиго моцIалда жаниб цо нухалъ, моцIалъул тIоцебесеб рузман къоялъ; 
2. Жидер гIузруги гьечIого гьел данделъабазда рачIинчIел хIаракатчагIаз росдал ишазе харж гьабизе 3000 гъурущ гIарац кьезе. ГIузрулъун рикIкIине бертин, унти, хвалил къварилъи, Дагъистан тун къватIиб сапаралда вукIин;
3. Гьел данделъабазда хIукмаби гьа ризе къедисезул киналго росабазда хур харал ва кив гIумру гьабун вугониги щи вав къедисесда хурхарал суалазда тIасан;
4. Гьоркьов чи течIого киналго къедисезул сияхIал гьаризе ва гьел сияхIазда ругел гIадамазулгун къотIиги гьабизе жиндир ресал де балагьун росдал фондалде гIарац рехизе цо лъагIелалъ.
5. Гьедин бакIарараб гIарцул 20% фондалда кидаго гъоркь тезе, хутIараб гIарцуда щиб гьабилебали росдал хIаракатчагIазул иргадулаб данделъиялда хIукму гьабизе;
6. Нахъе тIамун тезе рес гьечIеб ишалъе, росдал хIаракатчагIаз изну кьун хадуб гурони, гIарац хвезабичIого тезе ва банкалъул картаялдаса гьеб нахъе бахъизе жиб-жиб 100 азарго гIедал, ва гьеб росдал кассир ГъалбацIгIалил ШапигIихъе кьезе. МагIарухъ гьабулеб хIалтIуе 20 000 щвезегIан гIарац хвезабиялъул суал тIубазе изну кьезе магIарухъ ругел хIаракатчагIазе;
7. Росдал хIаракатчагIазул иргадулаб данделъи 2018 соналъул февраль моцIалъул тIоцебесеб рузманкъоялъ Хасавюрталда гьабизе;
8. ГIарац бакIаризе байбихьизе 2018 соналъул январалдаса гьебго соналъул декабралде щвезегIан.

2018 соналъул 20 сентябралъ Мах1ачхъалаялда т1обит1араб Къеди росдал х1аракатчаг1азул иргадулаб данделъиялда гьарурал х1укмаби:

1. Росдал х1аракатчаг1аз жиб-жиб к1иабилеб моц1алъ гьарулел иргадулал данделъабазда росдал бегавулги дибирги г1ахьаллъизе ах1изе;
2. Жидер г1узруги гьеч1ого иргадулал данделъабазде рач1инч1ел х1аракатчаг1азда т1ад лъолеб г1ак1а бугеб къаг1идаялъ тезе. Г1узру бугев чияс гьелъул х1акъалъулъ къокъаялда жаниб лъазабизе данделъи байбихьилелда цебе. Данделъи байбихьун хадуб бицараб г1узру къабул гьабич1ого тезе;
3. Росдал х1аракатчаг1аз гьарурал х1укмабазул бицун, гьезул рахъ кквезе росдал халкъ ах1ун к1алъазе вахъарав х1аракатчиясе к1алъаялъулъ кумек гьабизе;
4. Аслияб росулъги цоги бат1и бат1иял бак1аздаги г1умру гьабун ругел росуцоязда гьаб х1аракаталъ гьабулеб х1алт1иялъул бициналда, бич1ч1изабиялда т1адч1ей гьабизе;
5. Щивав х1аракатчиясда т1ад хасаб х1алт1и къазе;
6. Щивав х1аракатчиясда т1ад къазе росдал х1ажалъабазе г1арац данде рехулев щу-щу, анц1-анц1 чи;
7. Дагъистаналдаса къват1ир рук1иналъ, яги жидер санаг1алъи гьеч1олъиялъ иргадулал данделъабазда г1ахьаллъизе рес гьеч1ел х1аракатчаг1и х1аракатчаг1азул къукъаялдаса къват1ир тезе (т1ад руссинег1ан яги жидер санаг1алъи ккезег1ан).
8. Гьабулеб иргадулаб данделъи к1иго саг1аталдаса халат гьабич1ого тезе. Данделъиялда г1ахьаллъана 22 х1аракатчи ва гьел киназго гьал х1укмабазда гъоркь жиде жидер гъулбасги лъуна.

[353] Жиб-жиб лъагIалие цо-цо биччалеб, гьебго цIар бугеб журналалъул тIоцебесеб номералдаса босараб.

(хадусеб 9 бут1а. ФОЛЬКЛОР


Рецензии