Къеди ва къедисел. 9 бутIа. Биценал, харбал
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 9
ФОЛЬКЛОР
(На аварском языке)
БИЦЕНАЛ, АБИЯЛ, КУЧIДУЛ, ХАРБАЛ
…………………………………
РАСУЛ ХIАМЗАТОВАСДА КЪУРЪАН МАЛЪАРАВ КЪЕДИСЕВ
Дибирасул СагIадулал МикагIил:
- Ислам босилалда цебе нилъер мухъалда щиб дин букIараб ва гьеб дин босиялъул хIакъалъулъ хабар дида лъаларо, амма лъалеб жо буго дир кIудияв эмен Дибирас росулъ гIемерал гIадамазда Къуръан малъараблъи. Цоги дида лъала дир инсул вац Гъайирбег ЦIадаса ХIамзатида цеве гIараб гIелму цIаларав вукIараблъиги. Гьес бицунаан, ЦIада росулъ ХIамзатихъ мадрасалда жив вугеб заманалъ, гьес жиндир вас, Дагъистаналъул цIар рагIарав поэт Расулил цIалиялда хадуб хал кквезе жинда тIад къалаанила, гьединлъидал гьесда гIемерисеб Къуръан малъарав чиги жив кколила.
Цо нухалъ ХIамзатица жиндирго мутагIилзабазда гьоркьоб тIобитIараб цIалул къецалъулъги бергьун, Гъайирбегие сайгъаталъе кIиго къали тIохолги щун букIун буго.
Баян: ЦIадаса ХIамзатица 1920-30 соназ хъварал кучIдузда гьоркьоб буго «Алипа» абун махсароялъул къагIидаялъ гьабураб кечI. Гьеб кочIолъ ХIамзатица рехсолев чи Къедиса Гъайирбег ватизеги бегьула. Гьел соназ вукIун вуго гьев ХIамзатихъ цIалулев.
«…Дур хъвай-хъвагIаялде тIаде къулани,
ТIилица багъулеб халкъ чIола цебе.
ЧIахIахатIалъ хъварал мухъал рихьидал,
Бархъалисел щола щегIгун ракIалде.
Вай, рукъбухIаясул къарал хIурупаз
ХIамул гъола цере гъалдибералгун.
Гъайирбег, дур гьунар гьалъий гIеларо,
ГIанкабутги бачун, речун батила.
РатIалалъ цIалареб тIанкIги жаниб лъун,
Жергъадул щоб гIадаб «нун» бихьуларищ?
Рихьи тIаса бичун, чIало хутIараб
ЧIунтараб гьор гIадаб «гьи» бихьуларищ?..»
ДУГIА
Хъазил Арайчо:
- Чорхое сахлъи кьеги, баркат бугел лъимал кьеги, хъизамал иман бугел кьеги, я хирияв БетIергьан, кире аниги, кире щваниги, нужер ракIалъухъе баракат бугеб боцIиги щун, нужер хъизамазде тIаде рохелгун руссаги. Я хирияв БетIергьан, алжан кьеги, алжан кьолеб гIамал кьеги, сиратI бахун рохел кьеги, биххулареб тавбо кьеги, тари гьечIеб иманги кьеги.
Эмен Хъазил рагIаби:
БахIараб мехалъ кIвахIаллъун,
Херлъидал дин загIиплъун,
Щиб босундай руcсина
Рижарасда цере нилъ?
Турки
Ансадерил бода ТIагьа цIунарав
Якъубил Амсадги ватила дуда.
Дин сабаблъун хвалчен жинца борчарав
Диналъул мужагьид АхIмадил Гьарун.
ЛъагIалил нухда ун муршид цIехарав
Багъдад улкаялъул мухIканав вали.
РухI бахъулеб къоялъ буракъалъ течIев
ГIабдулал Билалги нахъе вукIаго,
МахIшаралде щведал къварилъиладай.
ГIабдуллагьил ХIасан хIалае чIани,
ХIалхьолел ратила нилъер аврахIал.
Рокьул кечI
Эхеде рехараб чIорги гурелъул,
ЧIурканлъи щиб, васав, дур лагаялъул.
ЧIоруе кьвагьулеб гуллаги гурин,
Гургинлъи щиб, васав, чIегIер беразул.
ЯчIаян абуге, кьеян вачIунге,
Кьураб рагIи бугин дир гьудуласе.
«Гьанада нусги лъун, нахуда гъудги лъун гIурав».
(Цо пуланай къедиселъ жиндирго васасул хIакъалъулъ абурал рагIаби).
ЦIИЯБ СОНАЛДЕ ГIУХЬБУЗУЛ КЕЧI
Шамилил ГIисал Багьавдин:
Хошгелди, цIияб сон, баче цо ратIа
ГIухьбузе рохелгун бачIун батаги,
РикIкIун хIал гIоларел гIиял лъугьаги,
ГIиял рехъабаца авлахъал цIеги,
ЦIияб лъагIалиде хухал къинлъаги,
МагIарул тайпаялъ митис гьабеги,
Митисазги кьагIи бухар гьареги,
Биргадирзабазе бергьенлъи щвайги
Щуго сонил палан тIубазабизе,
Завпермасе байрахъ багIараб щвайги,
Щуявго вехьасе хьитал росизе.
1944 соналъ росу гочиндал гьабураб кечI
Мажгиталъул чIалца чIегIер бан буго
МутагIилзабаца росу тараса.
ХъахIилаб зобалъул кьер хисун буго
Кьурул нохъабазда Къуръанал лъедал.
Жаниэнко, ХIадисилазул колода данд битIун рохьоб цо кьурда гъоркь бахчун дида батун букIана Къуръаналъул жуз. Дица гьеб ХIусилазул ГъазихIмахъе кьуна (Багьавдин).
ГIачирехьед унел РицIцIалъ байдабахъ
ГIурус гIиял гъуна гIанчIхъадерица.
Оцал жанир къалеб Гъогъода къайи,
Оцал тIагIараблъи лъаладай гьелда?
Жонжоро чIахIияб ХьонтIаса къайи
Жорой тIад щвечIого пашман батила.
ГIолохъаби чIолеб чIарбил годекIан
Жанив чи щвечIого чIахIил цIун буго.
………………………………………………..
Сасикьа МухIамадил Аминат:
«ГIанси цIунарай Боо гIадин».
- Боо ян цIарги бугей, бица- бицаралдаги божулей цо пулан йикIун йиго бахIарай гьаюн Сасикье ячIун. Гьанжего-гьанже росасул рокъое щварай гьелъие бахIарас махсаро гьабун буго «Къаси нилъ гIанси цIунизе ине ккола», - ян. «Кколел ратани, рилълъаха», - янги абун, ретIа-къан рокъоса къватIие лъугьун йиго бахIарай.
«ТIагьир къотIаралъуб».
- Сасикь гIансикIкIалги бахун, Бачазул гохIдаса тIаде унел свераби лъугIараб бакIалда щобда цебе буго «ТIагьир къотIаралъуб» абун бакI. Гьев ТIагьир вукIун вуго къебед ва Сасикь вачIун вукIун вуго гIумру гьабун чIезе ниятгун. Гьелда сасикьелги разилъичIого гьев нахъе ун вуго ва гьеб бакIалда къебелъиги гьабун чIун вуго. Гьенире щвезегIан къебедасухъе хьвадун чIалгIарал сасикьезги цо заманалдаса гьев росулъе вачун вуго.
………………………………………
Каримил Хъатумеседо:
- Росасе ине бокьарал руччабаз бихьиназда цIар чIвалеб гIадат бугеб заманалъ ХIадисил Мусада цIар чIван гьес ячуна АхIул кIкIалал кIалда кулиги бугей, 20-30 соналъ рос гьечIогоги йикIарай Боол Чакар[354] абулей гIадан. Гьелъул хIакъалъулъ гьесул эбел, къиялай Татуца абурал рагIаби руго гьал:
РоцIараб зодиса цIад бачI****и,
ЦIахIилай Боое рос щвелаанищ?
ЦIадал иххал рачIун хур инчI****и,
ХIадисил Мусаца ячинаанищ?
Мусае ячIани гьес жиндие кьезе ккезе бугеб жоялъул хIакъалъулъ Боол Чакарица бициндал Мусал эбел Татуца цоги абун буго:
Энко къубдулги тун къотIундай бугеб
КъватIул ГIашурае бахьинаб гIарац,
КъотIно гIурдулги чIван бессундай бугеб
РахIимал ХIанкъае(?) сурма-дарайи.
…………………………………….. .....................
[354] Дой «гIанси цIунаралъул» яс йикIун ятила ))
Сурхайил Сакинат:
Баян: Гьаб цебе рехсараб кIиябго кечI буго Сурхайил Сакинатица бицараб.
1844 соналъ Къедиреги рачIун муридзабаз гIадамал чIвараб мехалъ, гьел гIадамазул нахъе хутIарай цо гIаданалъ гьабураб магIуялдаса рагIаби ругин абун гьаб хадуб бугеб кечIги гьелъ бицараб буго. 4-5 куплет букIана гьелъул. РакIалда цIунун хутIун буго гьаб:
Борхатаб Кавуда кисма гъедалго,
Киндай рихъ-рихъичIел хъахIилал зобал?
Кавудахъан рачун лучби гъуридал,
Щайдай кьвагь-кьвагьичIел чIегIерал ракьал?
Риарал, тIагIаял тIухьидул гуллби,
ТIинчI мокъокъил курмул киндай рорлъана?
ТIун кескал лъугьаял Мисри хвалчаби
Лучбузул габунир киндай рахъана?
Баян: Къедиса цо гIолохъанчи муридзабаз чIван вуго Зурал бакIалда аххада. Бидул хIоринив гIодов ккун вугев вацасда цее накабаздаги чIун, гьесул ругънадаса чвахараб биги гьекъон яцалъ ахIарал ругин абун цоги рагIаби рукIана Сакинатица рицарал. КIочон тун руго.
Сталинил заманалъ Сибиралде витIун вукIарав гIагарав чияс хъвараб бугин абун гьаб кечIги букIана гьелъ бицун:
Рогьалил какги бан, квананги вахъун,
Щибдай-киндайилан къватIив вахъиндал,
КъватI сверун цIун буго гIолохъабаца,
Цоцаде шур-шула дандиял ясал.
- Нужей гIумру кьеял кьерилал васал,
Нужеца бицунеб дидаги бице.
ГIумру кьун рохаял дандиял ясал,
Нужеца шурулеб дидаги шуре.
- Нижеца шурулеб дуде шурила,
Мунги унев вуго доб Сибиралде.
Нижеца бицунеб дуда бицина,
Дуца толеб буго вижараб росу.
- Кинниги тани щиб вижараб росу,
Хъала кIудиялъув щолев ватила.
Цинги таниги щиб кIудал мажгитал,
Майдан гIатIидалъув чIолев ватила.
……………………………………………
1944 соналъ къедисел гочун индал биххараб росдал хIакъалъулъ Хъазил Субайбатилги Сурхайил Сакинатилги рагIаби:
Субайбат:
Лаиллагь гIемераз,
ЧIумал халатаз
ЧIекIон, бахъун ана
Рукъалъул хъарши.
Сакинат:
Цагърал риххун бараб
сакI меседил кьо
ДугIадул гьуриялъ
гьалаг гьабуна.
………………………………………
Хъазил МухIамадил ГIайшат
ХIАБИБИЕ (МагIу)
МугIрузда щущаяб щобил багIарбакъ,
Щвезе батила мун ХIабиб хваралъуб.
Щведал бакъ бухIулел хъахIилал зобал,
Хъван магIу тIеларищ СиватIа щобда?
Эбелги йихьизе, росу бихьизе
Дагьав цеве вачIун нахъ вуссунелъул
НахъамагIардайищ гIажал батараб?
Кьижараб хIалалъищ гIужий восарав?
Меседил си байги СиватIа гохIда,
Сабру берцинав мун нижей камураб.
Сидул гамачI байги Авукь магIарда,
Аралъуса васал тIад руссунареб.
Дургун рокьи ккарай Къудукьа бика,
Къаладай гьелъ рачел цо дуе гIоло.
Ячарай йикIинчIей, лъади йикIинчIей,
Лъеладай магьари чидар васасе.
Гъоркь рекIун чIолареб чIегIераб барти,
ЧIолохъжоги бахъун, мугIрузде къотIе.
Чергесаб логода кIибалаб ханжар,
КIихIи бекун, бецIаб кIкIалахъе рехе.
МугIруздаса къайги цIорорал иццал
Къо ккедал ХIабибий гьекъезе щвечIел.
Ралъдалъе щогеги чвахулел лъимал,
Чвахун эбел-эмен гIодизарурал.
Гьадин вачIинилан къотIи букIинчIо,
Къадар цебе кканин, мун кватIун кканин.
Къого сонил гуреб гIумро букIинчIев,
МагIардайищ дуе гIажал батараб.
Бараб ахIиялъе тIоцевеги щун,
Шукрудул как банищ, вацгIаласул вас?
ЦIулал малиялда гьев лъолеб мехалъ,
Накабаздаги чIун, гIодаравищ мун?
Мун жаниве лъолеб къваридаб доб хоб
Алжанул нигIматаз къачIан батайги.
Дуда къоно чIвалеб бецIаб доб лахIту
Нуралъул чирахъаз гвангъун батаги.
Дур гьеб хирияб рухI босун унелъул
Шагьадатги насиб гьабун батаги.
МаулхIайаталъул гIурулъги чурун,
ГIисал эбелалда аскIов ватаги.
Марямгун Асият къаданирги чIун,
Алжанул нигIматал кунев ватаги.
ХIава эбел ячIун хIурматги гьабун,
Адамил ясазда цадахъ ватаги.
Загьра-Багьжатица бусенги тIамун,
Ливаалъул рагIдукь хIалхьун ватаги.
Барзахалъул ясал сверунги лъугьун,
ХIурулгIинзабазда цадахъ ватаги.
Увайс асхIабасул, ХIасан-ХIосенил
Бищунго хирияв гьалмагълъун таги.
ХIабиб МухIамадил байрахъ кодоб кьун,
ГIаращалъул рагIдукь хIалхьун ватаги.
Баян:
2016 соналъул риидал пири речIун СиватIа гохIда хун ватана гIиял рехъада вукIарав АмирхIамзал МухIамадил ХIабиб.
Бицен:
1930 соназ Сандуса харинив пири речIчIун хун ватун вуго БакъумагIарда гIигун вукIарав ГIалахъа цо вехь. Къеди ракьалда пири речIчIун цоги чи хванин бицен гьечIо.
………………………………………….
Хъазил рагIаби:
«Майданалъа рехе чуял раккидал
Чол дури гьабуна Гьандабуриса».
……………………………………………….
ГъазимухIамадил АмирхIамза
Ангъадерил цIоло,
ЦIалил лахI бахад,
Киехундай хвела
ХIакьил ПатIимат.
…………………………………..................
Сабигулал Бадрудин
Рихьана шагьарал,
Щвана росабалъ.
ЩвечIеб бакI хутIичIо –
Лъала кинабго.
Лъаларо цогидаз
Кинан абилеб,
Амма мун бокьула,
Дир гIагараб ракь.
РачIа нуж гьоболлъухъ
Бокьараб мехалъ.
Балагье мугIрузда,
Хал гьабе лъарахъ.
Дол Бисил кьураби
Гьал ГIансикIкIалал,
Кинабго дир росдал
Бечелъи буго.
Дие мун бокьула,
Дир гIагараб ракь.
Дун жаниве гIураб
ГIагараб Къеди.
Къаси сардилъ вуго
Дун дур пикрабалъ,
Бахо мегIералъул
Борхалъуда чIун.
……………………………............................
ГIабдумаликил Умакусум
АРАБ БАКI ЛЪАЧIОГО ТIАГIАРАЙ ХЪВАЙНИСЕЛДА
ХъахIилаб зодихъе цIвалъунищ арай,
Рорхатал мугIрузда чундулъищ ккарай,
Ралъдал гъварилъуда ччугIбулъищ йигей,
Халкъул гIаламалда кодой щоларей?
Эбелалъул каранлъ кор боркьун буго,
Яцазул гьурмал кьер хисулеб буго,
Вацазул кIутIбузда кьагIу рекIана,
ГIагарлъиялъ бутIрул гIодор къулана.
ЧчукIун гIодоб аги доб Хъвайни росу,
АнцIила анлъго сон дур жаниб араб.
Пун гьороца аги гьесул мина-милк,
Йокьун ячаралъул адрес лъаларев.
2020 сон.
ХВАЛИЛ УНТИЯЛЪ УНТИДАЛ ХЪВАРАБ
Меседил унтуда
ГIарцул кIулги бан,
КIвараб жо гьабуна
Гьаб сон щвезегIан.
Гьанже дир чIаголъи
Кинан букIинеб,
Унтуца кодобе
Квер лъун бугелъул.
Яхъун дихъа хIалтIи
Бажариладай
Щулияб рухьаца
Юхьун йикIаго.
Гьекъарал дараби
Данде гьаруни,
Доб чинидул ведро
Чапун цIелаан.
Чвахараб магIилги
ХIисаб гьабуни,
Мосой[355] лъарал лъимги
Дагь букIинаан.
ЧчукIун гIодоб айги
ХъахIаб больница,
Унтун рачIаралги
Нуха регIараб.
ГIарацгунищ арай
Дун Китаялде
Коронадул[356] унти
Гьез дие кьезе.
(Март, 2021 сон. МахIачхъала. 1 больница. Красная зона).
…………………….……...............................
[355] Мосой лъар – ЦIоромагIардаса чвахун Гьакъо росдада гъоркьан унеб лъар. Умакусум Гьакъо росасда йикIана, гьений 2021 соналъ хвана.
[356] Коронадул унти – «Коронавирус» унти.
ЛЪИМАЛАЗУЛ РИКIКIЕНАЛ
(считалочки)
- Атан, Батан, Сикатори, Сахар, Махар, Помидори, Аз, Баз, Кила Баз, Комунизма гIуцIун Баз[357].
- Атук, Батук, Булалай, Танку, Танку, Пермаза, Ай, Ой, Умер, Ай, Шисен, Кисен, Упан, Чорт[358].
- Ацида, Бицида, Царада, Байда, Бунзур, Хъунзур, Хъанза, Манзар, Хъириласул кIалтIа кIихIи къотI[359].
- АцIикI, БацIикI, БицIан, ЦIаликI, ЦIахI, МашаликI, Шиши, ХаликI, Алхъаз, Балхъаз, ДахшаликI.
- Маргьу, Маргьу, КIерело, КIиго шагьи, Перело, Порол цIураб цIурахинкI, ЦIияб гьанал пуршина.
…………………………
[357] Бицана МухIамадсултIанил МахIмудица.
[358] Бицана Асадулал Анварпашаца.
[359] Бицана МухIамадсултIанил МахIмудица.
ТIирин-тIирин, дир лъади, Лъадай ине кIвахIалай, КIвахI бичизе хIадурай, ХIама кьуни, кьурдулей.
……………………………….......................
ЦIАД ГЬАРИ
Дур цIоб бугеб цIад кье, Аллагь.
РахIматалъул лъим кье, Аллагь.
ГIурччинхер бакъван буго,
ЧIегIер ракь къечон буго.
САРДИЛЪ РОСУГИ СВЕРУН МУТАГIИЛЗАБАЗ АХIУЛЕБ БУКIАРАБ КЕЧI:
- ГIадамал-чагIи!
Напакъа хвараб сордо !
ХинкIал чIахIияб сордо!
ЧIахIиязул чахьал хвараб,
ГIисиназул хьитал хвараб,
ГIанкIудал хоно бугониги,
Хоно гIанасеб тIатIи бугониги,
ТIагъур гIанасеб хIан бугониги,
ХIерч гIанаб нису бугониги,
БухIизе чIагIа бугониги,
ЧIвазе хIара бугониги,
ХIамил гIундул ругониги,
ГIакдал лълъурдул ругониги,
Мегьед тIасияб хьибил бугониги,
Хьон-нахалъул хъаба бугониги,
Хъураб жоялъул бох-ратIа бугониги,
ЧIагIдал парччи бугониги,
Гьакълил хъаба бугониги,
Гьелда гьорлъ бежизе цо бакь бугониги
– Кье, кье, кье гIадамал-чагIи!
ТIОКIЦIАРАЛ[360]
- ЛЪЛЪАРАЛ МАШИНА
«Балагье, КIушкIанд, цо хIикмат бихьизе», - ян абун буго тIоцере гIатIиракьалде щварал ва гьениб поезд бихьарал къедисез ХважакIил ГIалил КIушкIандида. «Дица гьединаб жо лълъарал гьабула», - ян абун буго КIушкIандица, кинго гьебги сан гьабичIого.
- ГЬЕШТIЕРО
ГъазимухIамадил АмирхIамза:
- Дир кIудияв инсул вац АмирхIамза гьитIинаб мехалъ, жиндир гIел бащадал васазда данде ккун, къокъав чи вукIун вуго. БоцIуда хадув вугони, «пиштI, пиштI, пиштI» абун къотIи гьечIеб гьиштIи рагIун гурого цо-цо нухалъ гIадамазда гьев гьенив вукIинцин лъалеб букIун гьечIо.
- ЧАДИЛ БУГЪА
МухIамадил Къурбандибир:
- Хасало Хелекь гIияда вукIарав дир кIудияв эмен ХIасан, къуватаб гIазуги бан, гIансиялъ колол рагьу-къоноги бацун жанив хутIун вукIун вуго. Росулъа чи тIаде щвезегIан чанго къоялъ гIазул асирлъуда вукIарав гьес, жиндие бачIараб лъабго къойил квен цо гIодов чIараб бакIалда кванайдал, гьеб босун вачIарав вацасул васас абун буго:
«Дуца гьеб чадие бугъица гIадаб жо гьабунаха, гIимач», - ин.
- ГIАЧИГЪАНКЪАЛ
ХIажидадаялда вугев Шарунабил тухумалъул чи вукIун вуго цо заманалъ Къедиб росдал гIачиязда вехьлъун. Циндаго хехаб цIадги базе байбихьун, виххарав гьес гIачи иххил мухъде гъун руго. ГьебсагIаталъго тIаде бачIараб иххалъ гьезул цо бутIа бачун кIкIалахъа эхебеги ун буго. Бицен буго гьеб заманалъ кIикъоялда анцIго къоролай йикIанин росулъин ва иххица арал гIачиги гIемерисел гьезул рукIанин.
- КЬАНКIАЛАЛ
Дибирасул МухIамадил эмен Дибирас риидал хурзал лъилъизеги хер бецизеги гIадамал кколел рукIун руго мухьги кьун. Цо соналъ гьесухъ Эчедисаги рукIун руго гьедин рачIарал чагIи. Гьезда цадахъ йикIун йиго цо гьитIинай ясги. Живго МухIамадги гьеб заманалъ гьитIинав чи вукIун вуго. Гьел хIалтIулеб бакIалдаса лъутун унеб гIанкIги бихьун, гьей ясалъ жидерго мацIалъ МухIамадида ахIун буго: «КьанкIала, МухIамад, кьанкIала, МухIамад!» - ан. «КьанкIала» - гьезул мацIалда гIанкI буго.
- БАХIРИ БАЧЧАЛ
Гъазиясул Пайзудин:
- Къедиса цо гIадамазул тIокIцIар буго «БахIри баччал» абун. Бихьиназда цIар чIвазе къорол руччаби риччалеб къагIида бугеб заманалъ, цо гьединай гIаданалъ цIар чIван букIун буго гьезул чиясда. Щаяли лъаларо, гьев гьей ячинарин тIирун чIун вуго. Гьеб сабаблъун гъаримасда гIакIаги ккун буго. ГIадлу букIун буго гIакIаде тIорщел кьолеб яги бахIри баччулеб. Мискинчи вукIун ватилаха, гьес бахIри баччизе тIаса бищун буго.
[360] Гьанир хадур рехсон руго къедисезул цо-цо тIокIцIарал.
ГIУМРУЯЛЪ ЖИДЕДАСА КIУДИЯЗЕ ГЬАРУЛЕЛ АДАБАЛ
1. КIудиял рачIиндал тIаде рахъуна, гьел гIодор чIун гурого, гIодор чIоларо.
2. КIудиязе салам кьей цебе ккезабула ва квер босизе данде уна.
3. Рилълъун унаго кIудиял цере риччала.
4. КIудиязе нух къотIуларо. (Руччабаз бихьиназе нух къотIуларо кIудиял рукIаниги, гьитIинал рукIаниги).
5. КIудиял кIалъан лъугIун гурого кIалъаларо.
6. КIудиязул рагIи къотIуларо, гьелгун дагIбадуларо.
7. КIудиязда малъаризе лъугьунаро.
8. КIудияз цо иш гьабеян абуни, жиндирго ишги тун, цебеккун гьеб тIубала.
ЗИЯВДИНИЛ ГЪАЗИМУХIАМАДИЛ КИЦАБИ:
1. ЛЪИКIАБ БУКIАРАБАНИ, БОКЬОБ БИЖИЗЕ БУКIАНА.
(Жинцаго хIанчIараб помидор чIинкьунги бачIун, карандаса эхебе чвахун индал абурал рагIаби).
2. ГОХIДА ХIОР ЧIОЛАРО, КЪАН ХIАМИЛ РАЧI БУКIУНАРО.
(Гьабун лъугьунареб, гьабун чIолареб жоялъул хIакъалъулъ).
3. ЧАКМАЯЗ ГЬАБУРАБ, БОТИНКАЗ КВАНАРАБ.
(Къедисезул колхоз).
4. ГIОЧIОДА БУХЬУН ГIАЛА ЧIОЛАРО.
(Тохав, пайда гьечIев росасда чIужу чIоларин абураб магIнаялда).
5. ХIАСАНИЕГИ ТIЕ. (КьогIаб лъим модаялда бугеб заманалъ, стаканалъул ирга кIиго нухалъ щвезе бокьун абурал рагIаби).
ГIАМИРГIАЛИЛ КИЦИ[361]:
«ДИР ГЬАБИЛ ИЧIГО ГIУЗРУ БУГО, АММА ГЬЕЛ КИНАЛГО ЛЪУГIУЛА ЛЪИМ ГIЕДАЛ».
(ГIамиргIали вукIана къебедги гьабигьанги – авт.).
[361] Бицана Расулил Сайдарханица.
«БОКЬАНИ, ЩАРГИ ЧIВАЛА, ЩВАНАНИ, ЧИГИ ЧIВАЛА»
Росдал тIасияб рахъалда, АмирхIамзалазулги КIушкIандилазулги авалалда гIумру гьабун рукIун руго цо херай гIаданги гьелъул цо вугев вас-гIолохъанчиги. СахIибилавин абулаанила гьесда росулъги сверухълъиялдаги.
Сакинат-кIудияй эбелалъ бицунаан, кутакаб черхалъул, кIудияб хIетIе-квералъул чи вукIун вугин гьевин.
Цо нухалъ, къиялаз Хелекь кулабаздаса гIи бикъун бугин ахIиги бачIун, гIадат батараб къагIидаялъ, бугес бугеб ярагъ матахIги босун росдал гIолохъаби унел рукIун руго Къиялъе ралагьун. Гьеб ахIи-хIуралъул жиндие щибго кIвар гьечIеб гIадин, парахат жидерго рагъида эбелалъе щар чIвалев СахIибилавги вукIун вуго.
«Саламатал чагIи щар чIвалел рукIунаро, къватIив вахъа ахIуд ине», - ян ахIун буго гIолохъабазул цояс гьесда.
«Бокьани, щарги чIвала СахIибилас, щванани, чиги чIвала СахIибилас», - ан жаваб кьун буго СахIибилас кинго гьевги сан гьавичIого. Амма, гьеб ахIул тIоцересел къокъаби Игъадахъ щобде рахиналде гьенивеги щун, гIодов чIунги ватун вуго.
ДИБИРАСУЛ МУХIАМАД
АмирхIамзал МухIамад:
- Дибирасул МухIамадида хурхараб бицен чанго буго Къедиб. Цо нухулъ Бахо магIардаса гъоркье цо гIадамал рачIун руго рахсаца вухьа-къарав гугарулев чиги вачун. Нилъер росабазул гIолохъабаз жидеего рекIелгъеялъе, квана-гьекъей гIуцIиялъе багьанаялъе ургъараб пиша букIун буго гьеб.
Дибирасул МухIамадица росдал гIолохъабазда ишара гьабун буго гьобол ХьуцIде вачеян. Гугаризеги гьев живго вахъун вуго.
Данде речIчIун рахъинелде МухIамадица гьобол эхедеги ворхун гIодов тункизавун вуго. Тамахаб бакIалда ккараб хIисаб бугин, ракьалда тIад гьесул роцалъул суратцин хутIун букIанила бицунаан гьеб бихьараз.
Гьебги рихун, гьенисаго нахъе инин гурого чIоларел гьалбал МухIамадица гьарун-гьикъун жиндихъего рачун руго ва, хъун цо жогун, квана-гьекъезарун, бергьенлъиги нужее буго абун, нухда регIун руго.
«КЪЕДИСЕЗ МЕГIЕР ГIАДИН ККВЕ»
- КIкIаратIаса ХIадис НикIалайил хIукуматалъул наиблъун Ункъракьалда вугеб заманалъ, Игъадахъ магIарде жидер гIи ине гьукъарал къедисезе тамихI гьабизе абун, гIахьвалазул кIудияб бо къватIибе бахъун буго.
Гьеб заманалъ рахъ-рахъалдаса тенколел чагIиги гIемер рукIун, къедисезул жамагIаталъ гIолохъабазда тIад гьабун букIун буго щивас цо-цо лъикIаб туманкI босизе.
ГIахьвалал рачIунел ругин рагIараб къоялъ росдал кIудиял чагIи Малачиласул колода ярагъгун гIолохъабиги тун, Хъвайда гьезда дандчIвай гьабизеги къваригIараб жо гьикъизеги уна.
Къедисез бицараб жо къабуллъичIел КIкIаратIаса гьалбадерил рекIарал-лъелал мегIер бахъичIого толарин абун цере рагъарула, амма майданалда нух ккун букIинги, гьенир ругезул жидедаса нахъе къазе къасд гьечIолъиги бихьун, рачIарабго нухалъ тIад руссун ГIахьвахъе уна ва гьелдалъун гьеб дагIбаги къотIула.
Гьеб иш ккаралдаса нахъе ГIанди мухъалъул гIадамазда гьоркьоб, гьаниб бетIералда хъвараб: «Къедисез мегIер гIадин ккве», - абураб каламги цо щиб бугониги жо щула кквеялъул хIакъалъулъ кици гIадин тIибитIула.
ХъазилмухIамадил Завурбег:
- Цо соналъ Казахстаналдаса рачIунел Абусупянги дунги рештIун рукIана Болъихъ гостиницаялда. Гьенир цере харбида рукIарал цо кIудиял чагIаздаса рагIана тIоцебе: «Къедисез нижеда мегIер гIадин кквеян гьечIищ?» - абураб каламги. Гьелъ ниж хIикмалъизаруна, амма аскIореги ун, гьелъул баян цIехезе кIвахIаллъана.
Мусадибирасул ГIусман:
- Хасавюрталъул педучилищеялда цIалулеб заман букIана. «ЯчIани, дица мун ячина», - ян кIалъайдал, цадахъ цIалулей цо мелъелтIиселъ дида абуна: «Къедисез мегIер гIадин рагIи кквезе батани, ячIина», - ян.
ЦIАДАСА ХIАМЗАТИЛ ГЬАЛБАЛГИ ГЬИТIИНАВ РАСУЛГИ
ХъазилмухIамадил Завурбег:
- Сакинат ункъачоца бицунаан жидер гьобол вукIанила ЦIадаса ХIамзат. Цо нухалъ Хунзахъ базаралде ун рукIарал жийги рос ГъазимухIамадги сордо базе абун ЦIаде щведал, росулъ тIоцеве данчIварав цо гьитIинав васасда цIеханила жидеца ХIамзатил рукъ киб бугеб абун.
«КочIохъан ХIамзат цIехон вачIанщинав чиясе гIатI буцулел рукIин гурого, тIокIаб хIалтIи гьечIо», - ян абунила гьев васас цIакъ рази гьечIого. ХIамзатихъеги щун хабар кIалалда жал рукIадго дов васги гьениве вачIанила. Гьедин лъанила жидеда гьев гьесул Расул вукIин.
ХIамзатица жидеда гъабураб бугин абун цо чанго мухъ кечIги рикIкIунаан гьелъ. Дида гьеб кIочон тана.
ХЪАЗИ – МЕСТIЕР
- Дир инсул лъикIав гьобол вукIана НКВДялда хIалтIулев цо чачанав. Гьес бицунаан цо заманалъ жиндир яц йикIанила бохги бигъун. АхIун вачIарав Хъазица цо жоги сунтIизе кьун гьей кьижизаюнила ва, босун хъухъадирогун, цадахъ нусги хIалтIизабун, накалда тIасияб рахъалдаса гьелъул бох къотIанила. Гьедин яцги сахлъанила. Инсуца гьесие сайгъаталъе цо гIакаги кьунила.
БУРИКIИЛ БАХУЛ КЕЧIГИ БАЛШЕВИКIАЛГИ
Сурхайил АхIмадхан:
- Нилъехъа Мухтарилги, ГIалисултIанилги, ГьитIичилги эбел БурикIил Баху йикIун йиго кутакалда кечI ахIизе лъалей, гьелъие махщел кьурай гIадан. Эбелалъ бицунаан, хIуригат бахъулеб заманалъ жийги гьейги кIияйго гIолохъанал ясал Гьандабурир картошкаялъе асар гьабулел рукIадго, Сасикьа эхедеги бачIун ГьитIирохьоса тIаде бахине лъугьанила балшевикIазул цо кIудияб бо. Биччан гьаракьгун ахIулеб Бахул кечI рагIидал гьел лъалхъанила ва гIодорги чIун гьелъухъ гIенеккизе лъугьанила. Цо лъугIидал: «Цоги ахIе, цоги ахIе!» - ян гьаракьги гьабун, гьей тIад юссинаюлейги йикIанила.
Хелекьрохьор цIулал магьалги гьарун, тIаса гъоркье Герейханил гьабихъеги унаанила жал гьоркьо-гьоркьор. Гьенив гьеб заманалъ херав Халит вукIанила гьабигьанлъун.
Халит гьардолаанила жиндие кечI ахIеян. Жидецаги цоялъ кечI ахIулаанила, цогидалъ урба бикъулаанила. КочIохъги гIенеккун гIащикълъун Халитги вукIунаанила.
ИМАНГIАЛИ ВА ПАНДУР
- Гехал вац ИмангIали вукIун вуго цIулал тIагIелал гьаризе кутакалда махщел бугев чи. Веденор къедисел ругеб заманалъ, кIудияв чи гьев унтун бусада вукIун вуго. Квен-тIехалъул рахъалъан къварилъи букIиналъ, чIужуялъ гьес гьарурал цо-цо тIагIелал базаралдеги росун ричулаанила.
Гьедин гьелъ ИмангIалидаса балъго Ангъидаса Качалае бичун букIун буго цо пандур. Гьев вукIун вуго къватIахъе вахъун гьеб хъвалев чи. Цо къоялъ къотIносан пандуралъул гьаракь рагIарав ИмангIалица чIужуялда абун буго: «Гьагъаб гьаракьни дир пандуралъул бугин, йилълъа гьаниве вачея дов чи», - ян.
Гьев ИмангIалил ХIамзатида кагътил гIарац гьабизе лъалинги букIана нилъехъ цо бицен. Квералъ сурат бахъун гьабулаанила гьес гьеб.
КЪЕДИСЕЗУЛ РАКЬГИ НАИБАСУЛ РОКЬИГИ
- НикIалай пачаясул хIукумат бугеб заманалъ ракьал сабаблъун къедисезулги къиялазулги ккараб дагIба тIезабизеян вачIун вукIун вуго цо наиб. Гьеб суалгун Къиялъе арав гьев, гьений цо гIаданги йокьун, гьеб рокьи сабаблъун къедисезул Хашакь, Хонокь ракьалги къиялазе ккезарун, тIад вуссун вуго.
ГУНАШГИ, НАБИЛ РОКЬИГИ, ХАДИЖАТИЛ ГIАРАЦГИ
Писирханил МухIамаднаби:
- Дир кIудияв инсул вац, дида жиндир цIар лъурав МухIамаднаби гьанжего-гьанже чIужу ячарав гIолохъанчи вукIун вуго, къедисел гочун Веденоре унеб мехалъ. Гьениб анкьго росдал магIишат данд бараб колхозги гьабун, гьелъул председателлъунги тIамун вуго гьев. Гунашица бицунаан, чIужу Хадижатидаса балъго ячарай цо гIаданги йикIанила гьесул гьений.
Гьеб ишалъул махI чIварай гьелъ гIарацги кьун гьитIинав Гунаш тIамун вуго росасда хадуб хал кквезе. ЧIужуялъул «ишпионасул» хIалтIи тIоцебесеб къоялъго тIатарав МухIамаднабицаги гьелъ кьуралдаса цIикIкIун мухьги кьун Гунашида малъун буго жив унеб бакI гьелда битIун бицунгеян.
Гьедин кIихъан харж Гунашиеги щун буго, щибго квал-квал гьечIого рокьи гьабизе рес МухIамаднабиеги щун буго.
МУТАГIИЛЗАБИ САБАБЛЪУН БАЧIЕБ ЦIАД
- Дун гьитIинаб ме халъ Къедив дибирлъи гьабигун цадахъ лъима лазда Къуръан малъулев вукIана ЦIунтIа Асахъа Каримула. Росдал гIеме рал васал рукIана гьесухъ мутагIилзабилъун. ЦIа лизе ниж руссунеб бакI ги Хъазил МухIамадил рокъоб букIана.
Цо бакъ бараб риидал, росдал жамагIаталъ гьарун, жиндирго мутагIилзабиги рачун Каримула вахана Будалаазул магIарде цIад гьаризе. Гьелгун цадахъ дунги вукIана. Нижеца гьенибе бачун букIана цо чIегIераб чахъуги.
Жалхъолеб иццда гьебги хъун, Каримула мугIрул тIогьиве вахана ва, сверун нижги ракIарун, биччан гьаракьгун цо жо цIализе, ахIизе лъугьана. ЦIад баниги бачIониги ургъел гьечIел гьесул мутагIилзабиги, гьоркьо-гьоркьоб «Амин!»-ги ахIун, балъго цоцада тенколел, хIенсолел, чIезе бакI лъугIун расандулел рукIана.
Гьедин рукIаго, цо заманалдасан, ургъунгойищ гьабураб, гьадингойищ ккараб лъаларо, дида аскIов вукIарав Зубайрил МухIамадил рахъалдаса киназдаго рагIараб кьвагьи бахъана. ЦIад гьариги къотIизе тун, Каримулаги киналго нижги МухIамадихъ ралагьана, МухIамад дихъ валагьана ва дихъан гьеб ккараб гIадин хIазе лъугьана. Дирго талихIалъ, цо чанго нугIги хIалае лъугьун такъсир гьабурасда тIад чIезабизе кIвана. ТагIзир гьабун кьабизе тIил гьечIолъиялъ, Каримулаца босун цо халатаб къоно гьесул жаниса хъатаздаги кьабуна.
МухIамадил гьеб иш сабаблъун букIине ккола, жеги цIикIкIун бакъ боркьи гуреб, нижер сапаралъул цоги батIияб хIасилги ккечIо.
Гьелдаса хадуб, гьебго заманалъищ яги цоги соналъищ ккараб ракIалда гьечIо, цIад гьаризе гьеб магIарде арал росдал кIудиял чагIи нахъе щвелелде кутакалда цIадги бан, риччун рецIцIарулел гьел гурун махIабигун росулъе рачIараб суратги жакъа гIадин цебе буго дида.
УНГО-УНГОЯЛ КЪЕДИСЕЛ
- Нижер гIел жеги гьитIинаб, тIоцебе КъулгIаги къачIан, гьениб рузманги тарахIги базе байбихьараб заман букIана. Цо какдаса къватIиреги рачIун, гьенир ганчIазда гIодор чIун рукIарал гIолохъабаздеги, ниж гIисинал лъималаздеги вуссун, борхатаб гьаракьалдалъун ГIалихъиличица абуна: «ГIенеккея, гIолохъаби. Бекеризеян къватIиса бачIун чуги бергьинчIо гьаб Къедиб, гугаризеян вачIун чиги бергьинчIо, нужецаги гьеб цIар цIуне!» - ян.
Росулъа къватIив чIун, чияр гIадамазда гьоркьоб гIемераб заман буго дир. Дида жеги рагIичIо нилъер умумузул хIакъалъулъ тохаб хабар лъицаниги бицунеб. Гьелъул гIаксалда, гьезул лебаллъиялъулгин бахIарчилъиялъул, сахаватлъи ва гьобол гьудул хиралъиялъул, божилъи гьабизе бегьулел рукIараблъиялъул бицунеб гIемер рагIана.
Исламалъул гIелму цIаларал, гьеб цIализе къватIисаги жидехъе гIадамал рачIунел гIалимзабиги рукIун руго нилъехъ, махщел камилал устарзабиги, тарихалда жидер цIар хъварал рагъул церехъабиги рукIун руго. Киназдаго лъалеб жо буго, Гуржиялъе щун, Чачаналъе гIунтIун, кинабго Эхедемухъалда тIад ханлъиги Къедиб букIараблъи, гьеб ракьалъул хIакимги, шаргI къотIизе къадиги гьенивго вукIараблъиги.
ГЪАЗИМУХIАМАД ВА ГIАНСА
ГIащикъил ГъазимухIамадил МухIамад:
- Дир кIудияв эмен ГIашикъилги эмен рекъав ГъазимухIамад вукIун вуго цIакъ махщел камилав чанахъан. Цо нухалъ чанав вукIарав гьесда доб нилъер Чуязул салаби абулеб бакIалда цо гIансаги бихьун, гIуж босулаго: «ГIела, ГъазимухIамад, гIураб жо чIвана дуца, те дун» - абун калам рагIун буго. Жиндирго гIундузда божичIев гьес гьеб кьвагьун гIодоб ккезабун буго, амма живгоги гьениса вачIунаго кьурулъа вортун, лъукъа-къотIун хун вуго.
Баян: Живго МухIамадги АхIулкIкIалани чанаве арав кьурулъа вортун хвана 2014 соналъ. КIиясулго мунагьал чураги.
КЪЕДИБ ТУСНАХЪ ВА ХIИНЦАВ
- ГIадлуялъеги, росу ва цоцал кквеялъеги сверухъ ругез жидедаса мисал босулел гIадамаллъун рукIун руго къедисезул цересел умумул. МагIарухъ кицилъун хIалтIизабулеб «Къедисез мегIер гIадин ккве» абураб калам гIела гьелъие нугIлъун.
ГIадлу хвезабулел гIадамал жанире рехулеб туснахъги букIун буго жамагIаталъул. Бицен буго гьениве рехун вукIарав цо къиялазул цIогьор лъикIав чи вугин, гьес хаду-хадуб гьеб хIалтIиги гьабизе гьечIин кIалъан вугила НурмухIамадил эмен ХIинцав. ЖамагIаталъул гIадлу билълъанхъизабулес жиндирго кумекчагIазда буюрун буго, цIогьорги нахъе виччан, ХIинцав жаниве рехейин. «Дир кIалалъе гьаб щай букIараб?» - абун кIутIби кьурун ругила ХIинцас.
Гьеб гуребги гьелда релълъарал гIемерал мисалал руго гьел цересел чагIазул жакъа нилъедаги нилъер лъималаздаги лъазе рекъарал.
ЧIАХIИ-ГIИСАЛ ИЦЦ
Мусадибирасул ГIусман:
- Дир кIудияй эбелалъ бицунаан ЧIахIи ГIисаца баккизабураб ицц бугин ТIасияб ГIансикIкIалахъин. Гьебго хабар дир эбелалда бицун букIун буго МухIамадсултIаницаги.
Гьеб бакIалда гIияда вукIарав ГIиса, какил заманги щун букIун, какичури гьабиялъул ургъалида кьижун ккун вуго. Гьедин кьижарав гьесда макьилъ рагIун буго: «Мун вугеб бакI бухъе, гьениса лъим баккизе буго», - ян.
ВорчIаравго ГIисаца гьеб бакI бухъун буго, гьедин гьениса лъимги баккун буго.
ГIАМИРГIАЛИЛ КЪЕБЕЛЪИ
Насрудинил Писирхан:
- Нилъехъа ГIамиргIали вукIун вуго цIакъ махщел камилав къебед. Хасго ярагъ-матахI къачIазе букIун буго гьесул гьунар. Дида лъалеб мехалъги сверухъ ругел росабалъа гIадамал рачIунаан гьесухъе гьеб ярагъ рекъезабизе.
Гьесул къебелъул бакIалда цере лъарал рагIалда рукIарал цо кIудиял ганчIазда нахъаги чIун, лъар бахун добехун гIеркъикь лъурал гIужаздеги кьвагьдон гьабулаан гьес гьеб хIалтIи. ЛъикI речIчIулеб туманкIалъ кьвагьараб гулла бакьулъан кIикъотIизе кколинги абун, балги данде буссинабун гIужие лъурал нусаздеги кьвагьдолаан гьенисан.
Цо-цо росдал гIужихъабаз, чанахъабаз кьвагьдеялъул къецалги гIуцIулаан гьеб бакIалда. ЦIакъго жидедаги жидер яргъидаги божарал иргаялда ун, бакьулъ лахI бахараб цо хIанкIвараги бохдузда гьоркьоб ккун гIужил бакIалдаги чIолаан. Гьеб хIинкъараб къецалъулъ цогIаги нухалъ гьел мекъи кканин дида рагIичIо.
«УСТАРАСУЛ РОЦГИ - УСТАР»
Гъазиясул Пайзудин:
- Рекъезабизеян бачIараб цо гьоболасул туманкIалда, ганчIаздаги базабун роц тункизабула ГIамиргIалица. ГьетIун букIараб гьелъул хIараги гьедин битIула.
Гьелда хIикмалъарав гьоболас: «Бале, устарасул роцги - устар букIун буго!» - ян абула.
ТIАЙГИБИЛ ЭМЕН МУРТАЗАГIАЛИ
МухIамадил Къурбандибир:
- МахIач МуртазагIалиевасул кIудияв инсул эмен Муртаза гIали цIакъ къвакIарав чи вукIун вугин бицунаан дир эбелалъ. Бакъ вараб хIамизазалъул гьес квералъги бетIун гьабулаанила магь ва, бахъун тIаса гурдегун, гIицIцIаб мугъалдаги лъун рокъобеги босулаанила.
Рии-хаселалъухъ балагьичIого хIатIидагIицIцIго хьвадиялъ кьватIарал угъдул гьес жаниб тIатIиги лъун хьитал рукъулеб кваралъ рукъулаанила. Нилъер МахIачихъ бугеб тирилъиги къо хIехьейги гьесул щвараб батилин тола дица.
НУЦАБИ ВА МАЛАЛАЛ
- Шамил имамасул заманалъ нуцабазулги малалазулги тунка гIуси ккун букIун буго. Гьебги букIун буго нуцабаз багъарараб, малалал хIалтIизе рахъулел гьечIин, кьезе кколеб магъало кьолеб гьечIин абун.
Гьелъие хIукму къотIизе гьел ун руго имамас бакIалда тарав наибасухъе. Гьезул щибаб рахъалдаса къоло кIи-кIи чи вукIанинги буго бицен.
Нуцаби рукIун руго къачIа-кIатIарал чуялгун, ярагъ матахIгун, малалазул гьеб букIун гьечIо, амма гьел рукIун руго рорхатал, лага-черх рекъарал, нуцаби – гIемерисел къокъал, чахьал риццатал. Малалазде кверги битIун наибас гьикъун буго: «Гьадал гIолохъабазухъа жо бахъизе кин нужеда кIолеб?» - абун. Гьесие жаваб нуцабазги кьун гьечIо, гьеб къоялдаса нахъе магъало малалазги кьун гьечIо.
«ГЬЕКЪЕ, БУХIЕ, АММА КАГЪАТ ХIАГЕ!»
- Дир имгIал ХIадисица, жеги гIиссинал лъимал ниж кагъат хIалел ратидал, цо-цо хъатги нижер бутIрузда бахинабун абулаан: «Гьекъе, бухIе, амма кагъат хIаге!» - ян.
Дица цо нухалъ гьесда гьикъана: «Щай, гIимач, гьедин абулеб, кагъат хIай гIаракъи гьекъеялдасаги квешабищ бугеб?» - ан.
«Квешаб буго! Гьекъезеги гьекъоларев, Къуръанги рекIехъе лъалев дир инсуца кагъат хIан букIинчI****и, нужер кIудияй эбел къиялай йикIинароан», - абун жаваб кьуна гьес.
ХIалтIизеян Гуржиялъе арав чи гьев гьенив цо кагъат хIалеб бакIалда бергьун вуго, бергьарасе кьезеян хIадурун йикIарай къиялайги ячун рокъовеги вачIун вуго.
ГIИСАЛАЗУЛ МУРТАЗАГIАЛИ
ГIисал МухIамадил ХIайдарбег:
- Дир инсул имгIал МуртазагIалиги вукIун вуго цIакъ лебалав чи. Цо нухалъ росдал оцалгун магIарда вукIарав гьесухъа гьел рикъун руго къиялаз. Гьеб заманалъ гьесул 18-20 сон гурони гIумруялъулги букIун гьечIин абулаан инсуца. Оцал тIагIин лъарабго лъалкIда хадувги ун, Хонокь магIарда ругел шахтабазда жанир къиялаз рахчарал гьелги тIатинарун вачIун вуго гьев росулъе ахIи базе. АхIуд рахъун аразда оцал гьенир ратунги руго.
«НУЖЕЦА РЕЧIЧIАРАБГИ КЪАЛА»
Нуцалханил ХIасбула:
- Къиялъ унеб нухда Иландулада данлъун вуго гьирихъ ун рукIарал чанго къедисев, кодоб букIараб жоги хъачагъаз бахъун гIодор бутIрулги далун рачIунел. Жив вачIинегIан чIайин гьездаги абун цо рахъалде арав гьев, гIемер кватIичIого, дол хъачагъалгун ва гьез рахъун рукIарал хIамулгун, къайи-цIагун тIадги вуссун вуго.
«Нужеца речIчIараб гьаздаги къала», - ян абун буго гьес, рахъун хъачагъазул тункIалги гьел къедисезухъ кьолаго.
ЖАНСАВ
Сасикьа Сайпудинил ГIусман:
- Дида ТIиндиса Маххоца бицун букIана, щваялдаса бацIцIараб гIиял бокьоб бухIараб лъин щвалин ва гьеб цо анкьалъ бакъвазе толин. Гьедин бакъвараб ракалда тIад лъугьунин хъахIаб рикIкI гIадаб жо. Гьеб жоялда абулин жансавин. ЦIулал тIурччиялда гьебги жубан гьабулеб букIун бугин цебе магIарулаз туманкI-хер.
Цоги бицен буго кьуру кьвагьизабизе тIех хIалтIизабиялъулги. ЛъикI боркьизабун хадуб хIеренги гьабун балаанила гьеб кьвагьизе хIадурарал картIазда жанибе. (Щибгун жубан?)
Нилъер мухъалда хвалчадул лебаллъиялъул хIалбихьулеб ва гьеб кьабиялъул гьунар борцунеб букIун буго хIулидул къандалъоялда. Цо нухалъ кьабун гьеб кIийида къотIизе кIвей рикIкIунеб букIун буго кьабулесул гьунарлъунги хвалчадул лебаллъилъунги.
САСИКЬА МЕСЕДО ВА ЧIАВЧIАВАДЗЕ
- 1871 соналъ Ункъракьалда букIараб гъазаваталда хIукуматалде данде рахъаразда гьоркьов вукIун вуго Сасикьа Тула-ГIисал вац Зирайлавги.
ГIанди мухъалъул кIудиявлъун вукIарав гуржияв, гинарал ЧIавчIавадзе ГIисал Дибиргун цадахъ Сасикье вачIараб мехалъ, гьев Зирайлав гIурусазухъе кквезеги щун Шурав жанив тIамун вукIун вуго. Хабар букIун буго цогидал ккуралгун цадахъ гьевги гъанкъизе вугин абун.
ЧIавчIавадзеги вачун рос рокъове вачIиндал кодоб гIаштIиги ккун данде яхъула ГIисал Дибирасул чIужу Меседо ва абула: «Дица гьабсагIаталъ нуж кIиявго чIвала, дир вац нахъе виччазе ватичIони!» - ян.
ЧIавчIавадзеца гьикъун буго: «Что говорит Меседо?» - ян. Гьелъие къваригIараб жо Дибирас бициндал велъулаго абун буго: «Будет, Меседо, будет», - ян.
Чанго къоялдаса Зирайлав рокъове вачIун вуго.
Гьей Меседол цо кIудияб жавгьар (бриллиант) тIад лъураб баргъич букIун бугин бицуна нижехъ. Сардилъ гьеб жавгьаралъул канлъухъе бессулаанила гьелъ ххам. Гьелъул эмен Къебед МухIамадги бергьараб кверзул махщел бугев къебед вукIун вуго. Ярагъгицин гьабулаанила гьес.
КЪЕДИСЕЛ ХIОТОДА
ГъазимухIамадил МухIамадсултIан:
- Данде гIарац цIарай ГIабдулал Пашат,
Мун тIохил къаназда, дун хIотол парсалъ.
Гьал руго Хъазил эбел Арайчоца Алхасил ГIабдулал Пашатиде гьабун букIараб кочIол рагIаби. Гьениб бицунелдаса бичIчIула нилъеда, ихдал боцIуе хIет бецизе мугIрузде ин доб заманалъ гIадатияб жолъун букIараблъи.
Инсуцаги бицунаан, колхоз гIуцIулеб соналъ гьарурал хъвай хъвагIаязда рекъон Къеди 12000 гIи букIун бугин. Гьебго къадар чIегIербоцIиги букIун батани, гьезие гIураб рагIи-хер хIадур гьаби захIматаб иш буго нилъер бакIалда.
Гьединлъидалин гIадамал хIотоде ине кколел рукIарал.
КОРИХЪ
- Чирмакъалал цIезарун чIагIаги бахъун, цоги къваригIунеб квен -тIехги хIадурун, пуланав цо чияс росдал гIолохъаби ахIулел рукIун руго жиндихъе, чанго къоялъ жанир чIун квана-гьекъезе. Нахъе унаго гьез гьеб данделъи гIуцIарасе цо-цо хухги кьолеб букIун буго. Гьеб иш гьедин гьабиялъул мурадги букIун буго гьесул боцIи-панз цIикIин ва гьелда цIарги букIун буго «Корихъ» абун. Гьеб гIадат магIарухъ гIемерал бакIаздаги тIибитIараб букIун буго.
Къедиб батараб бицен буго, цо гьединаб данделъиялда чIагIа гьекъезеян хъаба борхарасул кIалдибе хвараб гIункIкI бачIун бугин. Гьеб иш цогидаздаги лъани, кор биххизе бегьулин ракIалда ккарав гьес: «ХIатIал ракIаре!» - янги ахIун, гIункIкI чIагIагун цадахъ къулчIун балагьизабун бугин.
ВАБАЪ УНТИ БАККИ
Нилъер мухъалда Вабаъ (къавуда) унти баккун бугин хабар ра гIидал, гIадамал къватIире жанире ине гьукъизелъун АсаликIалда хъаравуллъи лъун букIун буго къедисез. Дир эбел Субайбатица бицунаан, гьеб заманалъ гьитIинай жийги мугъзада яччун жиндир эбел уней йикIун йигила Сасикье. АсаликIалде жал щведал эбел тIад юссинайизеги кIвечIого хъаравулзабаз жий гьелъухъа яхъун йигила ва абун бугила: «Гьай нижер йиго, мун дуего бокьаралъуе а», - ян. Гьей дир кIудияй эбел Сасикьа йикIана.
Писирханил МухIамаднаби:
- Дида лъалеб заманалъ нижер рукъалъул къадал ракьанда, масжидалдаса гъоркье бугеб къотIнор чIахIиял ганчIалги рекъезарун гьабураб годекIан букIана. Гьеб кколаан битIахъе рукъалъул горда гъоркь ва дун, гьитIинав чи, гьенир гIодорги чIун гъудал рикIулел ва цоги щиб-щибниги гьабун рекIелгъеялда ругел кIудиял чагIазул хабар-кIалалъухъ гIенеккун вукIунаан. Гьениб тIоцебе ГIубайдулаца бицунеб рагIана дида нилъер росулъ вабаъ унтиялъ гIадамал хвеялъул хIакъалъулъ хабар.
Унтаралги хваралги гIадамазул гIемерлъиялъ, хварал рукъизеги, унтаразе дару-сабаб, кумек гьабизеги бажарулареб хIал лъугьун букIанила росулъ. Сахлъулев сахлъизегIан, холев хвезегIан абун, Туначол лъарахъеги цоги-цоги бакIазда гIалахалдеги ун гьенирго чIунги рукIанила цо-цо унтарал.
Сабаб лъугьинародаян абун чанги жоялъул хIалги бихьанила гIадамаз гьеб унтиялда данде. ЦIаларал чагIаз малъун, росу сверун чIегIераб оцалъул тIомгицин бехъерхъанила.
ЧIЕГIЕРАЛ ОЦАЗУЛ ГЬАНГИ ВАБАЪ УНТИГИ
СагIадулал МикагIил:
- Нилъер мухъалда вабаъ унти баккараб заманалъ дир кIудияв эмен Дибир росулъ дибирлъун вукIун вуго. Цо гIеркъикь каратIги гьабун, гьениса тIаде рахъулел рукIун руго гьес унтарал гIадамал. ЧIегIерал оцал хъун, гьезул гьан белъун, гьагIо тиршун, гьедин унтиги къезабизе кIун буго.
Нижер чагIазул кулиги чIейги гьеб заманалъ Асали букIиналъ гьезда гьеб унтиги хъван гьечIо. Дир вакьад Халитил НурмухIамадица бицана: росулъа эхеве Жаниэнко щварав жинда данлъанила Энкорохьоса гъоркье Асалиса вачIунев Гъайирбег. Жив вихьидал гьев лъалхъанила ва аскIове вачIунгеян ишара гьабунила. Жинца гьесда ахIанила унти жинда гьечIин, аскIове вачIине бегьилин.
ХЪВАРАБ МУХIКАНАБ
- ЗакагIаталъе кколел чахъаби мажгиталде кьезе иналъулги бицунаан кIудадаца.
Росдал дибирасухъеги щун жив вачIиналъул мурад бициндал, гьесухъцин валагьичIого дибирас абун буго, гIиялги доре чолонире къотIун рокъове айин.
Гьеб хабар бокьичIев кIудадаца гьесда абун буго: «Гьедин къотIун толеб боцIи букIунаро. Босея доб мажгиталъул тIехь цебе ва гьелда хъвай: «Къедиса ХIанапил вас Дибирас бачIана закагIаталъе кколеб анлъго чахъу», - ян. Гьеб мехалъ гьелги къотIила, дунги ина», – ян.
МАЛАЛАЛГИ МАГЪАЛОГИ
- Къедиса нуцабазул хIакъалъулъги бицунаан кIудадаца гьадинаб хабар.
Ункъракьалъул цогидал росабазго гIадин, къедисезги кьолеб букIун буго гьезие ракьалъулги боцIулги магъало. Гьелдаги тIаде гьез, къваригIани, росдалго гIачиги речIчIулаанила. Бакъанида гIалахалдаса бачIунеб рохьдодасаги тIезарун, жидее гIураб къадар гIачи унаанила гьез Кавуде ракIарун.
Цо нухалъ гIачиги рокъоре рачIинчIого гьел цIехезе вахъарав малалазул чияс Кавуде ахIун буго жиндир гIачи ругищ гьенир абун.
«Руго, речIчIун рахъиндал гъоркье къотIила!» - ян жаваб кьун буго добаса.
Нахъисеб къоялъ годекIаниве щварав гьес гьенив ватарав гьел нуцабазул кIудиясулгун дагIба гьабун буго. Гьеб дагIба тIезабизе гьевги, гьесда цадахъ малалазул ва нуцабазул цоги гIадамалги ун руго доб заманалъ Шамил имамас Ункъракьалда тIад тун вукIарав диванчиясухъе.
Малалаз гьесда гьикъун буго жидер росулъ ханзабазул чагIи абун жидехъа магъало бакIарулел гIадамал ругин, гьел гьезул ругищ ва нижеца гьезие гьеб кьезе кколищ абун. Диванчияс жаваб кьун буго киналгIаги ханзабазул чагIиги нужехъ гьечIин, жал гьезул ругин абулезе нужеца магъалоги кьезе кколарин.
Диваналде ине цебеккун малалаз жидедаго гьоркьоб къотIи гьабун букIуна, нагагь гьениб гьабураб хIукму жидее пайдаяб бугони, нахъе рачIунаго БухIодеги рахун тунчул кьвагьизе, гьечIони – сас тун рокъо-рокъоре ине.
Гьел БухIоде рахуна ва тунчулги кьвагьун росулъе ахIула:
«Щивасе чедги босун, чи рикIкIун гъудги босун Чанкурил тIохде раха!» - ян.
ШАЙТIАБИ АХIИ
ГъазимухIамадил АмирхIамза:
- Дида Гъазиясул МухIамадица бицун букIана: Хъазихъ Къуръан цIалулев вукIарав жинца гьесда цIеханила щайтIаби рукIунищ, Хъазиян. Гьес абунила рукIунин ва хъван цо дугIа кьунила жиндихъе рекIехъе лъазабизе.
Цо къоялъ Хъазица гьесда гьикъун буго дугIа лъазабунищан. МухIамадица лъалин абун буго ва гьебго сордоялъ гьел Нохъоде ун руго. Гьениб цо санагIатаб бакIалда ракьалда тIад гор гьабун хIуччги цIан, гьеб хIуччалда тIад рищни-къул хутIанадаянги балагьун, кIиявго гьелъул бакьулъ рахъун чIун руго. Ришни щайтIабазе кьолъун лъугьинеги бегьулин, гьелда тIасанги рахун, гьел горалде жаниреги рачIунин абун малъун буго Хъазица.
Цинги гьес МухIамадида тункун буго, гьанже биччан гьаракьгун доб дугIа цIалеян. Гьес цIалун буго, гьесда хадуб Хъазицаги цIалун буго. Гьедин чанго нухалъ иргаялда гьеб цIалидал, циндаго ракь багъарулеб гIадаб хIал лъугьун буго сверухълъиялъул ва мугIруздаса гъоркье, кIкIалабахъа эхере рачIунел рекIарал - лъелазул гьаракь рагIизе лъугьун буго.
Гьелъ гьалгъазавурав МухIамадида кватIун гурони лъан гьечIо горалда жанив живго цохIо хутIи. Хъази лъутун ватун вуго. Гьебго лахIзаталъ МухIамадицаги лъутизе байбихьун буго ва росу аххада Хъазида хадув гъун вуго. Щай лъутаравин гьикъидал Хъазица абун буго: «ЛъутичIел ани, гьез нилъеда гIемераб кIал гьикъизе букIана», - ян.
ГЕХАЛ САБАБ
- ГIакдаца рахь биччаларого ургъалида йикIарай ХважакIил Юсупил эбел Пари ячIун йиго цо къоялъ Хъазихъе сабаб хъваян гьаризе. Дарс цIализеян вачIарав Гехаги вукIун вуго гьенив, гьесул хьолбохъ гIодов чIун. Хъазица, Гехадаги тункун, абун буго: «Хъвай, Геха, гьалъие сабаб», - ан. Махсаро бичIчIарав Гехацаги гьеб гьебсагIаталъго хъван, Парихъе кодобе кьун буго.
Нахъисеб къоялъ, кIазилъ цIулал хIерчги бухьун, гьелда жаниб нисдал пуршабазул гохIги гьабун ячIун йиго Пари Хъазихъе, жиндир гIакдаца доб гIамал танин бицине.
Сабаб хъварав чи Геха вукIиндал, гьевги ахIун вуго пуршаби кваназе.
«Хъвараб жогIаги щиб букIараб?» - абун Хъазица цIехедал, Гехаца рикIкIун буго:
«Нужер гIачиязул бачал тIагIаял,
ТIокIаб гIайиб бугищ дир сабабалда?» - ян.
ГЬАГНА
- Дир кIудада ИсмагIилица Жанибэнко чIегIергьоло хьан букIун буго. БитIун барщулеб гIужалъ гьеб лъедерлъулеб букIин бихьарав гьес хIукму гьабун буго хъаравуллъи кквезе.
Цо сордоялъ ячIун цо гIаданалъ жиндирго хуриса гIадин бакIарун гьалил магь гьабун буго. Баччун гьебгун гьейги гьелда хаду-хадув кIудадаги ТIад Гьандабурире Чупанил колодеги щун руго.
Босун гьалил магь чIужуялъ рукъ бакьулъе рехидал Чупаница: «ГIай бацIнааа, гIай бацIнааа!», - ян абун буго. Гьеб абун бахъиналде нуцIихъ вахъун чIун ИсмагIилги вихьун: «ГIай гьагнааа, гIай гьагнааа!» - ян тIадеги жубан буго.
МАЦIИХЪАНГИ ЦIАЛГИ
ХважакIил Юсупил ГIумар:
- Цо чи вачIун вукIун вуго Къедиса нуцабазда тIасан гIарзгун Шамилил заманалъ диван букIараб Эчеди майданалде. Гьесул гIарзалъухъ гIенеккун вахъиндал диванчияс жиндирго кумекчагIазда буюрун буго гьев чи, гIорцIизегIан кваназеги гьавун, хIобода вухьейин. Гьедин вухьарав гьев тамахлъизегIан цIалаца чIвархун вуго ва нахъе виччалаго лъазабун буго, гьанжесалалъги гIарзгун вачIани, гьебго тамихI гьабизе бугин.
............................... …………………….
Цо иш сабаблъун дагIбаялда рукIарал малалаздаги нуцабаздаги гьоркьоб ярагъ бахъараб рагъ ккун буго. МаслихIаталъе гьоркьоре гIадамалги кIанцIун ратIа гьарурал гьезул киназухъаго ярагъ нахъе босун буго ва, батIи-батIиял бакIазда жаниреги къотIун, хъаравулзабиги тун, цоял-цоязул заралалдаса цIунун чIезарун рукIун руго. Гьедин нуцаби цIунун рукIарал гIадамалги тохлъизарун, бахъун ханжаргун гьел жанир рукIараб рокъове кIанцIун вуго малалазул цо ГIали абулев чи ва 3-4 чиясда ругъун лъун буго.
ХЪАЗИЛ ДУГIА
Хъазил МухIамад:
- ГьагIмади мажгиталда рузман балел рукIун руго Къиялъ рохьоса чIалаби къотIизе арал дир эменги нилъехъа цо МухIамадги. Как бан бахъиндал къиялаз инсуда гьарун буго дугIа гьабеян.
«Оцазда чIалабиги ран магIарде рахунаго, бухIун бакъги бугони, ракъунги ругони, речIун никIкIгун оцалги тIурун ани, гIазаналлагь, МухIамад!» - абун, цоги-цоги гьелда релълъарал жалги рикIкIун гьабун буго инсуца къиялазе дугIа. Релъи бачIун, гьеб кквезе кIоларого кIутIби чIамулев гьалмагъги вихьун, гьоркьо гьоркьоб: «Сабру гьабе, МухIамад!» - анги ахIулеб букIун буго гьес.
Жинца рикIкIунеб жо дугIаянги ккун, «Амин!» ахIулаго кIичIван гIодулел къиялалги, релъи кквезе кIоларого кIудияб гIакъубаялда вугев МухIамадги, цIакъ кепаб сурат букIанин жидер гьеб къоялъин бицунаан инсуца.
НУРАСУЛ ГIИГИ, ГЬВЕГИ, ГЬАГIМАДИБ МАЖГИТГИ
- Цо соналъ гIияда хасел бахъизабизе Къиялъе арав Туначол эмен Нурав, тIаде кIудияб гIазуги бан, ГьагIмадиб мажгит бугеб бакIалда хутIун вукIун вуго. ГIиязе зарал ккеялда хIинкъарав гьес гьел, рагьун нуцIагун: «Гьаб рукъги Аллагьасул буго, гьаб боцIиги Аллагьасул буго», - ян абулаго мажгиталде гъун руго. «Гьабги Аллагьасул буго», - янги абун, кIиябго гIинги ккун гьездаго хадуб гьвеги рехун буго.
Гьеб мажгиталда гъоркь дида лъалеб мехалъги тIокъо букIана, жинда жанир гIадамал гIодор чIолеб. Гьеб къоялъги гьагIмадисел гьенир рукIун руго, амма цонигияс Нурасда рагIи абун гьечIо, аскIовги вачIун гьес: «Ругищ хъасун роцалгун хабар бицунел?» - абун гьикъаниги.
Гьединав чи вукIун вуго Къедиса Нурав.
ХIАЖИМУХIАМАД ДИБИРГИ АНКЬГО КЪИЯЛАВГИ
Халитил НурмухIамад:
- Гьиндуха магIарда гIигун вукIарав Дибирасул МухIамадил эмен ХIижимухIамадибирасда ва гьесие квен босун гьеб къоялъ гьениве ун вукIарав ХIажихIма абун цIар бугев цо гьитIинав гIолохъанчиясда тIаде рачIун руго эменги анкьго васги, къиялал. Гьезул мурад букIун буго, хIинкъизеги гьарун, гьел гьениса нахъе къотIи. Дибирас ХIажихIмада абун буго, жинда нахъасан гьезул чи вачIунев вугони, дуца лъазабейин ва, босун цо кIудияб махил тIилгун, тIаде лъугьарав гьес, тIилалги росун рагъизеян рачIарал къиялал рухун, кьабун гIодор лъун руго. Жиндир васазе ккараб жо бихьарав къиялас гьесда ахIун буго: «Мун гIадин багъулеб рохьоб циги бихьичIо, бергьенлъиги дуе буго, гьанже ниж жалго те!» - ян.
САХIИБИЛАСУЛ ХIУБИ
Зиявдинил ГъазимухIамад:
- Росдал ТIасияб рахъалда, Шаруханилги ГIамиргIалилги рукъзазда гьоркьоб бугеб ГъазимухIамадил АмирхIамзал гьор жаниб бугеб бакI буго кIиго тIалаялъул. Гьелъул тIасияб тIалаялда[362] бакьулъ, чиясул квер жанибе унеб гIадаб чанго каратI жинда бахъараб биццатаб хIуби букIанин цебеян бицунаан дир эбелалъ. Гьел картIазда жанисанги рахъун рарал рахсаздаги рухьун ру кIун руго Гуржиялъа рикъун рачIарал, жал нахъе рачине гIарацгун гIагарлъи бачIинегIан цIунун чIезарурал гIадамал.
Гьеб ишалда тIад чIарав, сверухълъиялдаго цIар рагIарав кутакав чи вукIун вуго, цебе рехсараб рукъалъулги хIоболги хважаин нилъехъа СахIибилав. Гуржиязул руччабаз гьесул цIарги ахIун лъималгицин хIинкъизарулаанила.
«Ма, СахIибилав, вачIа, СахIибилав!» - абун гьезул цо гIадан йикIун йиго сардилъ гIодулеб лъимер гордухъе гьесаризабулей. Цо лахIзаталъ къватIисан регьун рачIарал квераз гьелъухъа гьеб бахъун ун буго. Къедиса СахIибилав вукIун вуго гьей гъарималъул горда гъоркьги вахчун.
[362] Гьеб бакIалъул тIасияб тIала буго АмирхIамзалазул, гъоркьияб – ГIамиргIалилазул.
ГУРЖИЯЛЪУЛ ЗАГЬРУЯЛЪ ВОСИЧIЕВ КЪЕДИСЕВ
ИбнухIажарил Халил:
- Нилъер росулъ цо-цо гIадамаз дора-гьаниса, хасго Гуржиялъа, мухь кьун росунниги, рикъунниги рачIарал лагъзал рукIанин бицен буго, амма Къедир чIезе абун гьел бакIаздаса жалго рачIарал чагIи рукIанищ-рукIинчIищ дида лъаларо. Гьел Гуржиялъе давлаялде ун рукIарал цо нилъехъазул лъугьа бахъиналъул хIакъалъулъги цо гьадинаб къиса буго дида лъалеб.
Дов нилъер Асадулал кIудияв эмен Пайзулаги Сайпулаги ун рукIун руго цо нухалъ Гуржиялъе. ТIад руссун рачIиндал гьез ГIамирханида бицун буго гьениб бихьараб цо берцинаб чуялъул хIакъалъулъ. ГIамирханица абун буго, гьанжесалалъ нужгун живги вачIинин, амма гьеб чу гурони жинца цоги жо гьениса бачинарин.
Цо апицерасул жеги квегъичIеб барти букIун буго гьеб. Бугеб бакIалде тIадеги ун ГIамирхан гьелъул гарбида речIчIун вуго ва тату хун гьеб гIодоб ккезегIан нахъеги биччан гьечIо. Гьедин бикъун гьебгун рокъоре рачIунел гьел, хадуб бахъараб гуржиязул ахIухъе кквезе щун руго.
Лъабго къоялъ лъим-квенги кьечIого цо бакIалда жанирги рехун рукIарал гьезда тIаде ункъабилеб къоялъ цо гIадан ячIун йиго кодоб хъабаги лълъарги ккун. ГIамирханица гьалмагъзабазда абун буго гьай гIадан йигин нилъее загьру кьезе ячIарай, ворейин, жинца гьекъаниги, нужеца гьеб гьекъогейин, гьелъ жиндие зарал гьабуларин, нуж хвезеги бегьулин. Гьесул харбидаги божичIого жидее тIураб жо гьекъарал гьел гьенир гIодорги ккун хун руго, ГIамирхание щибго лъугьун гьечIо.
Цо заманалдаса гьениса лъутун ворчIарав гьев кIиабизеги гьезухъе кквезе щола ва Россиялде регIула. Гьениб къогогIан сонги бан рокъове вачIиндал, гьикъа-бакъи гьабизе щварал гIадамал нахъе ун лъугIидалги цо гIадан йикIуна гьений гIодойги чIун. ГIамирханица жиндирго чIужу Гьакъоса Чакармеседода гьикъула: «Гьай гIадан нахъе щай унарей?» - абун. «Гьей нилъер нусай гурищ йигей», - абун елъула Чакармеседо.
Давлаялде унеб мехалъ гьес рокъов тун вукIуна ХIамзатги МухIамадги абун кIиго гьитIинав вас. Гьезул цоясул чIужу йикIуна гьей.
«Эбел хвадищ, жийго хвадищ йигей?» - абун гьикъула ГIамирханица чIужуялда. Суалалъул магIна бичIчIичIей Чакармеседоца: «Жийго хвад йиго», - ян жаваб кьола. Гьениб ГIамирханица абула …….(диктофоналда бичIчIулеб гьечIо. ЦIехезе ккола).
КЪЕДИСА ИЛАНДУЛАВ ВА ГЬАКЪОСА ИСЛАМ
ГIалихъиличил МухIамадкамил:
- Къедиса Иландулав вукIун вуго гIурусазул хIукуматалда данде вахъарав, мугIрузда, рохьазда чIун хъачагълъи гьабулев, кутакаб черхалъул, нилъер мухъалда жиндир бахIарчилъиялъул цIар рагIарав абрек. Гьев лъалел кIудиял чагIаз бицунаан, гьесул хьитазул зангал жинда жаниб къали тIорщалил базе бегьулеб гIадаб кIудияб букIанин. ГIемер туснахъалдеги кколев вукIун вуго гьев, амма щибаб нухалъ лъутун яги тIад тарал чагIазе ришват кьун, къватIивеги вачIунев вукIун вуго.
Гьеб заманалъ ГIанди округалъул кIудиявлъун вукIарав гуржияв ЧIавчIавадзие цIакъ бокьун букIун буго жинда Гуржиялъ бихьараб цо берцинаб чу. КигIан тIадчIун гьараниги, бокьараб багьа кьелин бицаниги, гьелъул бетIергьанас, гьеб ракьалда тIад хIакимлъун жив вукIарав гуржияс гьесие гьеб кьун букIунаро.
Гьеб иш рагIарав ва чанго нухалъ ЧIавчIавадзеца туснахъалдаса къватIиве вачIине жиндие кумек гьабурав Иландулас, живго гIадин къватIив чIун хъачагълъиялда вукIарав гьудул-гьалмагъ Гьакъоса Исламилгун дандги бан, хIукму гьабула гуржиясул чу бикъизе ва гьеб ГIанди округалъул кIудиясе сайгъат гьабизе.
Гьеб мурадгун гьел уна Гуржиялъе.
Алазан гIорул жаниблъиялдаса унаго гьел тIаде ккола цо кIудияб борохьалда ва гьелъ рачI кьабурав Ислам тамахлъун гIодов ккола, амма Иландулада гьеб чIвазе кIола. Гьеб иш бихьула гьеб бакIалда гIагарда боцIуда вукIарав вехьасда ва гьес ахIи бан рачIарал гуржияз гьел росулъе хъамула ва цо кIудияб расаялда жаниреги рахинарун рахьалъ чурула. Гьедин гьабиялъул мурад букIуна борхьил загьру гьезул чорхолъа бахъи. Гьеб хъулухъалъеги гьал мустахIикълъун рукIуна, гIемераб заманалъ гIадамазеги боцIуеги жиндаса зарал букIараб гьеб борохь чIваялъухъ.
Сахлъун тIаде рахъиндал гьез гьел гIадамазда бицуна жал Гуржиялъе рачIиналъул мурад. Гьеб хабар кватIичIого доб чуялъул бетIергьанасухъеги щола, ва ахIун тIадегун, гьес гьазда абула гьеб чу бикъиялъул пикру нужеца рехун тейин. Жиндир илхъидалъ гьелдасаги чIухIараб цо барти бугин, кквезе кIвани жинца нужее гьеб кьелин.
Жеги чи хъвачIеб 6-7 сон бараб барти Иландулас къокъабго заманалда жаниб жиндие мукIур гьабула, гуржиясги жиндир рагIи ккола.
Гьебго заманалъ, Тушалъ, Хушети росдал гIорхъода ругел росабазул цоялда гIумру гьабун вукIуна гьеб рахъалда жиндир бахIарчилъиялъулги гьунаразулги цIар рагIарав цо гуржияв. Иландулалги Исламилги хIакъалъулъ бицунеб рагIидал гьес абун букIун буго: «Цо дихъе лъикIан гьел хIал бихьизе», - ян.
Гьеб хабар жидехъе щварав гьав кIиявго вахъун Тушалъе уна ва, дов чи вугеб бакIги цIехон, гьенире щола. Рагьда Исламги тун, Иландулав гьесул рокъове лъугьуна. Кодоб туманкIги ккун, гьебги рагьдухъе битIун гIодов чIун ватула гьасда гуржияв. Гьел рачIунел рукIин цебеккунго лъан букIараб хIисаб буго гьесда.
Щибго гьечIеб гIадин, жиндихъ букIараб туманкIги гьениб рагьдухъ бахъун чIезабун, Иландулас гьеб рокъой йикIарай кIиго гIолохъанай яс гъуждулги ккун къватIире рачуна ва азбаралда тун вукIарав Исламида аскIоре щвезарула. Цинги тIад вуссунги вачIун, цIорон хутIарав гуржиясда цебеса жиндирго ярагъ нахъе босула ва: «ХIал лъачIого лекIиясда чIухIараб рагIи абуге», - янги абун, къватIиве уна.
Нухда щибго квал-квалги ккечIого гьел ясал гьез Къедире рачIуна ва, къваригIун ратани, пуланаб къадар гIарцулги босун вачIаян гьезул инсуде хабарги битIула. Гуржияв гIарацгун вачIуна ва хадуб гьесул гьев кIиясулгун лъикIаб гьудуллъиги ккола.
«Жаниве вачIиндал туманкI щай дида речIчIичIеб?» - абун Иландулас гьикъидал гуржияс абун буго: «Цо дудани дица гьеб речIчIилаан, амма къватIив цогиявги вукIин лъалеб букIиналъ хIинкъана», - ян.
Чачаназул цIар рагIарав цо хъачагъасулгунги ккола Иландулал гьадинаб дандчIвай.
Шаро-Аргуналъул жаниблъиялдаса вачIунаго хIухьбахъизе рештIараб бакIалда гьесде тIаде щола цо яргъид гIуцIарав чи. ВачIинахъего гьес гьениб аскIоб харде кваназе биччараб Иландулал чол чангит ккола ва абула:
- Гьаб чу дир букIине ккола, – ян.
- Баче, – ян абула Иландулас, щибго хIал хисичIого.
- Гьаб кьили-къайги дир букIине ккола, - ян гьениб гIодоб, бахъун лъун букIараб гьелдаги квер лъола чачанас.
- Босе, - ян абула Иландулас.- Гьеб ярагъги дир букIине ккола, - ян абул гьес, Иландулада цебе гIодоб лъун бугеб гьелда кверги битIун.
- Гуро, гьаб дир букIине ккола, - ян жаваб кьола Иландулас гьебги кодобе босулаго.
- ВахI, гьаб кинабго бегьулеб, гьебги щай дий бегьулареб? - абун гьикъула чачанас.
- Гьабги дуе кьуни, гьебги дур лъугьуна, - ян цеве къала Иландулав. Жиндаса хIинкъизе гьесда ракIалда гьечIолъи бихьарав чачанас чу биччала. Гьедин кIиясго лъай-хъвайги гьабула.
ХIИНКЪАРАЗ ЦIУНУЛА
Гьакъосезулги къедисезулги гIолохъабаз Исламидаги Иландуладаги гьарун буго гьанжесалалъ Гуржиялъе унаго жалги цадахъ рачеян. Гьез гьел рачуна ва Гуржиялъа боцIиги хъамун рачIунаго, цIунтIадерил мегIерги бегун нилъер рахъалде щвелалде хадуб бачIунеб ахIиги бихьун, жалгоги нахъа чIун, боцIиги къотIун цере ритIула. Жидее нух ккун ярагъгун гIадамал рукIин бичIчIарал гуржиялги дунял бецIлъилелде тIад руссун уна.
Цо накIкIил рохьил рагIалда сордо базе чIараб бакIалда хъун хIайвангун квана-гьекъон киналго кьижизе лъугьиндал, цо-цо гIолохъабазул зигара баккула хъаравуллъи тезе ккеларищ абун. Гьелъие жаваб гьабун Иландулас абула: «ХIинкъараз жидецаго цIунула, кьижа, гIолохъаби!» - ян.
ГIАДАМАЛ ЧIВАЛЕЛ ЖАЛ
Къедивги вукIун, гьениса Къиялъе унев Иландулада, Гьима гIурул жаниблъиялда гIодоре бутIрулги далун, рачIунел цо чанго къедисев данделъула. КъанагIат гурони росулъе ваккуларев гьев гьезул цо-цоязда щив вугевалиги лъалев букIунаро. «Щиб ккараб, щай къварид ругел?» - ан гьикъидал гьез бицуна хъачагъаз жал талавур гьариялъул. Киб гьеб ккараб ва кире гьел аралги цIехон Иландулав гьеб рахъалде валагьун уна ва, гIемер кватIичIого, гьазул къайи-цIа лъурал хIамулги дол хъачагъалги цере къотIун вачIуна.
«Нужеда къалеб гIадин, нужеца речIчIараб гьаздаги къала», - ян абула гьес, рахъун хъачагъазул тункIалги гьезухъе кьолаго.
Гьедин гьес нуха регIарал гьез ГьетIа-кIичIалъе щведал: «ГIадамал чIвалел жал гьал росулъе росунго лъикI гьечIо», - янги абун тункIал кIкIалахъа эхере рехула.
СУРХАЙ - ЧАЧАНАЗУЛ АСИР
Туначилазул Сурхай:
- Чачанал гIурусалгун рагъулеб 1996 соналъул цудунаб ихдалил заман букIана. Къо ракIалда гьечIо, март моцI букIараблъи лъала. ГIигун Хелекь вукIарав дун, бакъанил мех щолеб гIужалъ, росулъе инеги жеги хекко букIун, Гъоркь Хелекь Дарбишил хурзал абулеб бакIалде гьелги сверун чIана. Радалго тIад лъун букIараб накIкIги дагь-дагьккун борхизе лъугьун букIана. Гьениб дида бихьана Хелекьщобилъа гъоркье цо гIи бачIунеб. Гьезда хадув яги цеве чиги вукIинчIо. Гьеб лахIзаталъ Нохъодул рахъалдаса цо кьвагьиги бахъана.
ГIемер кватIичIого дида тIаде щвана, гIедегIун рачIунел, хIатIаздаса бахъараб гарбиде щвезегIан ярагъ барав анкьго чи. РачIинахъего гьез гIурус мацIалъ: «Мун нижгун вачIине ккола», - ян абуна ва ярагъги гьесизабун дун цеве къотIана. Гьедин унаго ниж щвана Хелекь Писирханил колоде. Гьениб гьез цо кагъат хъвана ва колол рокъоб жаниб горда, тIад харицел лъухьулеб жоги лъун тана. Щиб гьез гьелда хъвараб дида бихьичIо, амма бичIчIулеб букIана гьеб къедисезул цIаралда хъвараблъи ва дун нахъе виччаралъухъ кьезе ккезе бугеб жоги гьелда бихьизабун букIин.
ХIухьбахъизе киргIаги гIодорги чIечIого, гIедегIун, маркIачIул рукIкIел тIагIинелде нижеца ГьетIа-кIичIалъа тIаде Игъадахъ щоб бахана. Баччизе кколеб жо гIемер букIаниги дихъе гьез щибгIаги кьечIо, гьелъул гIаксалда, дихъ букIараб нус ва дурнабигицин жидехъего росун рукIана.
Сордо бана Гьиндуха магIарда цо гIиял къайиялда. Нахъисеб къо роцIцIараб бачIана, гьединлъидал тIубараб къоялъ къватIире рахъинчIого къанирокъор рахчун чIезе ккана. ХIинкъи букIана гIурусазул самолетаздаса.
Нухде рахъана сардилъ ва гIемер кватIичIого ГьагIмадире Мовсарил МухIамадил эбелалъул бакIалде щвана. Гьений тIаде ячIана цо гIадан ва дун щив, лъил вугев лъайдал ягъдана ва абуна гьав жиндир гIагарав чи вугин, гьесул ботIродаса цо рас бортаниги нужеца гьелъулги жаваб кьезе ккезе бугин.
Хадуб лъана гьей ГьагIмадиса ГIусманил чIужу йикIин. Чачаналъ рагъ багъаризе цебесеб соналъ гIимач АмирхIамзаги вацгIал Анасги ун рукIана Къиялъе гьезие хер гьабизе кумекалъе.
Дир чIей букIана Мовсарил МухIамадихъ. Дун цIунизе тарал абун хасал чагIиги гьенир рукIинчIо.
Чанго къоялдаса дун гьез Хьаруве (Шарой) вачана. Хабар букIана гьенир къедисезулгун гара-чIвариял рукIине ругин. Щиб хIасил гьезул ккарабалиги дида лъаларо.
Гьедин, лъабго-ункъго къоялъ чачаназул рагъухъабазда цадахъ, гьел регидал вегун, рахъиндал вахъун, гьез кванарабги кванан Хьарув хутIана, цинги ГьагIмадиве вачун, хIасил, кинабниги 23 къоги асирлъуда бан рокъове щвана.
КЪЕДИСЕЗУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ БАТIИ-БАТIИЯЛ РОСАБАЛЪА ГIАДАМАЗУЛ ХАРБАЛ
КЪЕДИСЕЛ - САХАВАТАЛ
ТIад Гьаквариса мугIалим ва шагIир МухIамадзакир:
- ГIабдулхIакъ абун инсул вац вукIана дир. Гьес бицунаан, нижер росдал цо-цо хъизанал 1944 соналъ чачанал гочизарун хадур гьезул ГьагIмадире ритIун рукIанила. Гьениб букIанила нижер хъизанги. Цинги, чанго соналдаса росулъе тIад руссиндал, рукъ бакIалъул, хур-хералъул гIадлу-низамги хун батун, жив витIанила инсуца Къедиве ХIайбулал Сабигулахъе, хур бекьизе оцал гьарун. Гьениве щведал жинда гьев живгоги хур бекьулев ватанила.
Жив вачIиналъул мурад бициндал Сабигулаца, рекьиги чIезе тун, оцаздаса пуруц батIа гьабунила ва гьел жинда цере къотIанила. «Дурго рекьигIаги лъугIизабизе рачIа», - ян жинца абуралдаги гIе неккичIила. «Дицани щиб гьабунги гьабила, мун оцалги рачун а, ва нужерги цоги нужер гIагарал-божарал хIажалъи бугезулги хурзал рекьун гурони, нахъеги щвезаруге», - янги абун, жив нухда регIанила.
Гьединал сахаватал гIадамал руго къедисел.
МАГЬАРИ ЛЪЕЗЕ ГЬУКЪАРАБ БЕРТИН
Сасикьа БацIилазул Сайгидсалим:
- Доб сасикьезулги къедисезулги ракьул къец бугеб заман букIана. Тракторги бачун ГIабдугъапурил ГIумар вачIана дихъе, мун магьари лъезе къваригIун вугин, жинда цадахъ вилълъаян.
«Къедир магьари лъезе чагIи тIагIунищ ругел, те дун», - ан лъикIаб бицаниги: «Дуца лъезе къваригIун буго», - ян абун тIаса гьевги вичIичIого вахъине ккана къватIиве. РештIинеги гьесухъ рештIана. Багистанил Шамилие дов ЖагIпарил яс ячунеб бертин букIун, гьезие букIун буго магьари лъезе кколебги.
Кидадай бахIарав вачIинаян хIадурун чIун вукIарав диде тIаде цо заманалдаса чанго чиясул къапилагун ГIусманил Мусадибир щвана. «Сайгисалим, мунгойищ гьаниса нахъе унев яги цеве нахъасаги ккун нижецайищ ГIаращбакIалде щвезавилев?» - ян кIалъана дида гьев вачIинахъего.
«Я вац, Мусадибир, нужер цояз гьаниве ахIун, цогидаз чIвазе къотIун, гьаб жо щай гьадин бугеб бичIчIизегIаги гьабе дида?» - ян махсаро гьабуна дица гьесие. ЖамагIаталъул къотIи букIун буго, нагагь гьекъел-мехтелгун, кьурди-ахIигун бертин гьабуни, гьелъие гIайибасул рокъоре мавлид-зикруялдеги инчIого рукIине, магьа риги лъечIого тезе. Гьеб гьедин букIин лъаларев дун вачIун гьеб закон хвезабизе лъугьиндал гьабураб питна букIун буго дие гьеб.
ШАМИЛГIИСА
- Къедиса Шамилил ГIиса вукIун вуго гIи-боцIиги гIемерав, росулъ бищунго бечедаздаса жив рикIкIунев чи. Гьесул чIужу йикIун йиго дир кIудияй эбелалъул яц, Къедиса БацIухIилазул гIадан.
РекIун чугун, чIегIераб буртинаялда тIасан хъахIаб башлихъги рехун, ханжуялъ хъахI гьабураб бегунтIагъурги лъун унаанила гьев риидал гIи бечIчIулеб гIужалъ магIарде хIан нахъе босизе. ТIад вуссиндал чIужуялдаги ахIулаанила: «Ле, БацIухIилай, къватIие яхъа!» - ян. «Дун хвараб мехалъ, гьале гьадин дун гIадин вачIунесе а!» - ян тIадеги жубалаанила.
ГЕХАЛ ЦИЛИ
- Нижер мажгиталъул цо бокIон букIана цIакъ берцин цокIкIалго бараб. Къедиса Гехаца бараб бугин абулаан гьеб. Цогидаб къедалда данде ккун батIаго лъалеб, цементалъ гьабураб гIадин рекъезабураб гьелъул хIакъалъулъ росулъе щварал батIиял гIадамазги гIемер гьикъулаан. Гьанже мажгит цIи гьабулеб бугелъул гьеб биххизабун бугин рагIана.
АРМИЯЛДЕ ГIОЛОХЪАБИ РЕГIИ
АхIмад армиялде ине цебесеб къоялъ Герейханица бачIана хабар дун мовлидалде ахIун. Къаси гьебги тIубан радал рахъана нухда гьев регIизе.
ГIисинал-чIахIиял, бихьинал-руччаби - росуго бакIарун букIана ГIарашбакIалда. ГIемераб садакъаги бикьун, дугIа алхIамги гьабун, какги ахIун регIана АхIмад армиялде.
Къедисезул гьеб гIадат дида цIакъ берцин бихьулаан. Цебеккун гьабураб лъикI буго садакъаги дугIа-алхIамги. Лъугьунеб жоги лъугьараб, сапаралде аралги руссараб мехалъ рукIуна нижерал цо цо жо гьабулаян абун. Дица гьезда гIемер абураб буго, Къедисезул садакъаги гьеб гьабулеб къагIидаги лъикIаб бугин нилъералдасаян.
ГЬАКЪОСЕЛГИ КЪЕДИСЕЛГИ
Гьакъоса Хъазанатил МухIамад:
- Сверухълъиялда ругел росабазда данде ккун, бищунго цIикIун цIайи гьакъосезул къедисездехун букIана. Гьениб букIана ригьинги, гьанги, гIагарлъиги, тIаде-гъоркье инги. Салта абулей гIадан цо нижехъас ячун ячIараб заман ракIалда буго дида. Бахо магIарда тIаса, рекIун чуялгун, кьабулаго ахIулаго щвана къедисезул ясалгун-васал Гьакъоре. Мусадибирасул эмен ГIусманги вукIана гьелгун цадахъ. Кьурдизе цIакъ лебалав чи вукIана гьев.
Гехаги гьесул вац ИмангIалиги, радал Гьакъоса рахъун Къедире арал чагIи, Бахо магIарда ГIансикIкIалахъе щведал, хIухь бахъизе лъалхъараб бакIалда кьижун ккун, нахъисеб къоялъ гьебго заманалъ гурони рорчIун гьечIо. Росулъе щведал лъан буго гьезда жидеца сордо магIарда бараблъи.
(хадусеб 10 бут1а. Жидерго эбел-инсулги цересел умумузулги х1акъалъулъ цо-цо къедисезул рак1алдещвеял)
Свидетельство о публикации №226040801988