Къеди ва къедисел. 10 бутIа
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 10
РАССКАЗЫ О ПРЕДКАХ
(На аварском языке)
ЖИДЕРГО ЭБЕЛ-ИНСУЛГИ ЦЕРЕСЕЛ УМУМУЗУЛГИ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ЦО-ЦО КЪЕДИСЕЗУЛ РАКIАЛДЕЩВЕЯЛ
Гъайирбегил Шарухан:
- Дир кIудияв эмен Дибирасул вас вукIун гьечIо. Гьебги захIмалъун къварилъиялда вукIарав гьес дугIа гьабун буго: «Я БетIергьан Аллагь, дие цо вас кье, цоги щибго хIалтIиги малъичIого дица гьев Исламалъул гIелмуялда тIад тела», - ян. Гьедин гьесги гьарун гьавурав вукIун вуго дир эмен Гъайирбег. Хадувго гьесие жеги кIиго васги гьавун вуго.
Аллагьасе кьураб рагIи букIиналъ, гьитIинаб къоялдасаго нахъе кIудияв инсуца гьесда жиндаго лъалеб гIелмуги малъун буго, кIудияв гIедал росулъа къватIиве, батIи-батIиял гIалимзабазда цеве цIализеги витIун вуго. Гьедин витIарав гьев цо заманалъ ЦIадаса ХIамзатихъ цIалулев вукIун, ХIамзатица жиндирго вас, Дагъистаналъул цIар рагIарав шагIир Расулида Къуръан малъизеги виччан вуго. Рокъобги гьесда цIалуда тIад чIезави гурони, цоги кинабгIаги хIалтIиги малъулеб букIун гьечIо. ГIиял-гIачиязул, хур хералъул ишги вацал АсгIадулада ва СагIадулада тIад букIун буго.
КIудияв инсул чIужу йикIун йиго Эчедиса. ХIуригат бергьун хадуб нилъер районалъул райисполкомлъун хIалтIулев вукIарав гьелъул вацас дир эмен витIун вуго педучилищеялда цIализе. Гьеб букIун буго коммунистаз Исламалъул гIалимзаби тIагIинаризе бай бихьараб заман. Гьездаса гьев цIуни мурадалда гьабун буго гьес гьеб хIалтIи. Гьебги лъугIун рокъове тIад вуссун хадув рагъ байбихьизегIан гьес росдал ишкулалда мугIалимлъиги, советалда секретарлъиги гьабун буго.
Цо заманалъ нилъер колхозалъул заготовителлъун вукIарав гьев, лъил хIиллаялдалъун лъаларо, тIад лъикIалан растаратги ккун, «за халатность» абун хIукмуги къотIун лъабго соналъ жанив тIамунги вукIун вуго.
Немцазулгун букIараб рагъде эмен ун вуго жиндиего бокьун. Гьев ун хадув арав СагIадула рагъда тIагIун вуго, эмен, немцазухъ асирлъунги вукIун, гьениса американаз эркенги гьавун рокъове вачIун вуго. Гьеб заманалъ нижер хъизан росугун цадахъ гочун Чачаналълъ букIун буго.
Чачаналги тIад руссун рачIун къедисел магIарухъе гочунеб заманалъ гьелгун нахъе ине хIадурлъулев дир инсухъе бачIун буго чачаназул жамагIат ва гьарун буго жидее дибирлъиги гьабун жалгун чIайин, жидеца дуе эменлъиги гьабилин, вацлъиги гьабилин. Гьесухъ гIелму букIин гьезда лъан буго цадахъ бараб къокъабго заманалда жаниб мавлидаздаги, хоб-хвел ккараб бакIалдаги гьесул цеве вахъиналдаса. Гьедин хутIараб буго нижер хъизан чачаназул Старый Ачхой ва Орехово абулел росабалъ. Дунги гьенив гьавурав вуго.
ЦIакъ кIудияб къимат гьабулаан гьел чачаназ инсул. ЦохIо гьесул гуребги, нижер кинабго хъизаналъулги гьабулаан гьединго къимат. Гьезул гIадат гьечIо гьитIинал рачIиндал тIаде рахъунеб яги кIудиял чагIи ругеб бакIалда гIолохъаби гIодор чIун рукIунеб. Амма, эмен хваралдаса 26-гIаги сон ун бугониги, жакъа дун вачIаниги гьел росабазул кIудиявги гьитIинавги чи дие тIаде вахъуна ва дун бищун къиматаб бакIалда гIодов чIезеги вачуна.
ЦIакъ ракI разияв, махсаро-хочI бокьулев чи вукIана дир эмен. Чачаналълъ вугеб заманалъ, гьениб рузман базе рес гьечIолъиялъ, гьев гIемер вачIунев вукIун вуго Хасавюрталъул мажгиталде. Цо нухалъ гьедин вачIарав гьесда рузманги бан къватIиве вахъараб бакIалда цо гIаданалъ гIагарав чиясда гьабулеб гIадин йоха-хинлъун хъваш-баш гьабун буго. Байбихьуда гьей щияли бичIчIуларого вукIарав гьесда лъан йиго гIемерал соназ цее жинда чIужулъун йикIарай Къедиса Хижи. Гьелда цадахъ вукIун вуго гьелъул росги гIолохъанчи васги, сасикьел.
Гьикъа-бакъи гьабулаго, дир инсуда рагIулареб къагIидаялъ гьев васас жиндирго инсуда цIехон буго гьав щиван. «Гьав вуго, дир вас, бахIараб гIумруялъ дур эбелалъул ракIалдаса инчIев Къедиса Гъайирбег», - ян велъулаго, киназдаго рагIизабун жаваб кьун буго гьес васасе. «Гьав чIегIерав, магжида расги гьечIев сасикьесул гурев, дир васлъун вукIине бокьилаанищ дуе?» - ян дир инсуцаги гьабун буго гьесие махсаро.
Росу тун къватIив мутагIиллъун вукIун вуго эмен гьей Хижида рокьи бугеб заманалъ. ГIазугIан хъахIай цIакъ берцинай гIадан йикIанин гьеян бицунаан гьес. Росулъе вачIараб мехалъ чанги сордо рогьунаанин жинца гьей кьижулеб рукъалъул горда гъоркьги вахчун, гьелъул хIухьел цIаялъухъги гIенеккун.
Эбел-инсул цо бугеб лъимер букIиналъ, хIалтIи-пишаялда хъва зе течIого цIакъ еэдун гIезаюрай гIадан йикIун йиго гьей. Гьединлъи- дал, васасе гьей ячине бокьуларого кIудияб кьал букIун буго Диби расул рокъоб. Кинго васги къуркьичIого гьез гьей гьесие ячун йиго.
ХIалтIиялъе тохай йикIиналъ, гIадамазда йихьулареб гIужалъ сардилъги ун гьелъул эбелалъ гьабулаанила ясалда цебеса хурибги ха ринибги хIалтIи. Гьелдаги тIаде гьезул чанго соналъ лъимерги букIун гьечIо. Гьел киналго гIиллабиги гIузрабиги кьочIое росун, ахир- къадги эбел-эмен бергьун руго ва инсуца гьей нахъе йиччазе ккун йиго.
Гьей Хижида хинкIал гьаризе лъалеб гьечIолъи сабаблъун, тIоцебе Къедибе кванилъе балеб сода бачIарав чиги жив вукIанин бицунаан инсуца.
Цо хъулухъалъ Гуржиялъе арав гьесда гьениб бихьун буго гьеб гьезул руччабаз кванилъ хIалтIизабулеб. Щиб-кинин цIех-рех гьабидал гьелъ гIатI буччизабулеблъиги лъан инсуца гьеб босун буго ва росулъе бачIун буго. Гьеб щибали, чIужуялда гурого, цоги лъиданиги бицунги гьечIо.
Хижица гIатI багъарулелъул балаанила сода, эбелалъ багъарулелъул балароанила. КватIичIого гьелъул хинкIазул «Хижил хинкIал» абун росулъ цIарги тIибитIун буго.
САГИТАВ ВА ГЪАЛГЪАЯЛ
Сагитасул СалихIат:
- ГIолохъанго росги хун къороллъуда хутIарай дир кIудияй эбел нилъехъа ИманмухIамадие уна. ЦIияв росасул рокъое гьей ячIуна жеги гьитIинго вугев дир эмен Сагитавгун цадахъ.
Гьесул 15 сон тIубайдал: «Мун гьанже дуцаго хьихьизе ккола», - янги абун бесдал инсуца гьев Гъалгъаялъ хIалтIизе щвезавула.
Гьенив цо гъалгъаясул гIиязе вехьлъи гьабун вукIарав гьесухъе цо нухалъ мадугьалихъа гьевго гIадинал гIухьби рачIуна къарзалъе ханжу гьарун. Гьес гьеб гьезие кьола, амма жиндирабгоги тIагIун налъиялда хадув щведал, дагIбаги ккун, гьезул цояс гьесда ханжар кьабун чанго ругъун лъола.
Инсуца гьев туманкIги речIчIун чIвала. Цадахъ вукIарав лъутун ворчIула. Гьенив инсуда тIаде щола гIиял хважаин ва бажарараб къагIидаялъ ругъналги рухьа-къан, хехлъи гьабун гьев нахъе регIула. Жинца кьун букIараб ярагъги гьес инсухъа нахъе босуларо.
Ругъназдаса би чвахиялъ тату хварав гьев, хIатIал свакайдал накабаздаги квераздаги хъурщун, ахал къотIун, хурзал чIван, гIадамазда вихьичIого вукIине гIоло къад вахчун, къаси ун, чанго къоялдаса чачаназул Шалиялде щола. Гьенивеги гьев нух лъалеб букIун гуро, Дагъистан бугеб рахъалде балагьун унагоян ккола.
Лъаларев чи рокъове вачине хIинкъараб рагъул заман букIаниги, чачаназ гьев сордо базе виччала ва, радал гьесул бусада биги батун, гьеб щай кинин цIехола. Инсуца гьезда абула жиндир мугъалда гьанкколел жал рижун ругин, гьеб биги гьездаса батилин.
Квана-гьекъезавун гьениса регIарав гьев мугIрузде валагьун уна ва гьенир боцIуда рукIарал лъабго гIолохъанчиясда тIаде щола. Баччун туманкI-ярагъгун гьитIинав гьев вихьидал гьел данде рахъуна ва мун киса-щив, ярагъ дуе щай абун гьесухъа гьеб бахъизе къасд гьабула, чIвалин жидецаян хIинкъабиги кьола.
Халатаб сапаралъги ругъназги кигIан загIип гьавун вугониги, инсул хIал гIола гьезул цояв, къвалакьанги ккун, гьениб аскIоб букIараб кьурулъа гъоркье тункизе, гьеб бихьарал цогидал гьесул гьалмагъзаби лъутун уна.
Дов кьурулъа вортарав хванищ-хвечIищ жинда лъаларин, амма туманкI речIчIун чIварасул би жинда тIад бугин абун эмен жив хвезегIан гьесда цереса кIалал кколев, какал ралев вукIунаан.
Инсул жиндаса кIудиял лъабго вацги вукIун вуго, гьел гьитIинго вабаалъ унтун хун руго. ГIалихъиличил чIужу Зайнаб гьесие яц йикIана эбел цадахъай. Гьей йикIана дир кIудияй эбел ИманмухIамадие индал гьаюрай.
МУСАДИБИР ВА ГУРЖИЯЛ
Мусадибирасул ГIусман:
- Жал гьитIинал рукIадго эбел-эменги хун бесдал хутIарал Къедиса ГIусманил ва Сасикьа Написатил лъимал, дир эмен Мусадибир ва жеги гьитIинго ругел вац ГIабас ва яц Саният кIудияй эбелалда аскIор Сасикь гIумру гьабун рукIуна. Гьенив тIоцеве школалде цIализеян арав дир эмен гьелъ, ячIун, гъежги ккун, нахъе вачуна: «Мун гьанив гIодов чIезе регIарав гьечIо, лъималазе жо балагьизе ккола!» - янги абун. ГьитIинав чи вугониги, гьеб къоялдаса нахъе кинабго рукъалъул къварилъи цо гьесул гъуждузде бегула. Гьедин хIалтIи цIехон къватIиве вахъине ккарав 14-15 сон барав гьев сасикьелгун цадахъ чанго нухалъ Гуржиялъеги щола.
Дагьав цеве хварав цо эчедисес дида бицун букIана цо соналъ живги вукIанила гьелгун цадахъ Гуржиялъин. Лъабнусго чи вукIанила цо шахта бугеб бакIалда Дагъистаналдаса рачIарал хIалтIухъабазул. Гьениб гуржиязулги нилъеразулги гIемер дагIба рагIиги кколаанила. Гьеб сабаблъун нилъеразул чанго чиги тIагIанила. Цо гуржияв вукIанила гьенив, гьеб бакIалъул хан жив вугев гIадин хьвадулев. Гьесдаса хIинкъуларев чиги гьеб мухъалда вукIинчIила.
Гьев гуржиясулгун дир инсул ккараб иш дида гьев эчедисесги бицана, инсуцаги бицун букIана. Гьединго гьеб дида бицана Сасикьа Гьаруницаги.
ХIасил, цо гуржиясулгун тунка-гIуси ккун букIарав Зайнулг1адидил Г1исматула гьес вачIун цо къоялъ къватIиве ахIун ун вуго. Гьеб букIун буго киналго цо бакIалда кваназе руссараб къалъул мех. Эмен гьениве щун вуго дагьав кватIун ва гъоркь рукIараз бицун лъан буго ккараб жо.
Гьесда хадув вахъине кIолев чиги гьезул лъугьинчIого, ццин бахъарав эмен босун хечгун живго ун вуго къватIиве. Гуржиявги Ниг1матулаги гьесда ратун руго цо гIурул рагIалда. БитIизабун таманчагун хIинкъаби кьолев гуржиявги вукIун вуго, жаниса жаниве лъелълъе унев Ниг1матулаги вукIун вуго.
Нахъасанги вачIун инсуца гуржиясул мугъалда хеч цузабун буго ва таманча гIодобе рехеян лъазабун буго. Гуржияв мукIурлъун вуго. Гьес гIодобе рехараб таманчаги кодобе босун нахъе валагьидал инсуда гьенив жинда хадув вачIарав Ислам абун цIар бугев гIахьвалавги ватун вуго. Цогидал - 30-40 чи къватIире рахъинеги хIинкъун чIун рукIун руго.
Гуржияв гьез нахъе виччан вуго ва, жаниб букIараб жоги кьвагьун, таманчаги хадуб рехун буго.
Гьеб иш ккун кIиабилеб къо букIанин бицана инсуца, жал хIалтIулеб бакIалда жаниб букIараб халкъалъ циндаго лъутизе байбихьанила. Щиб-кинилан цIехедал, абулеб бугила дов гуржияв вачIунев вугин ва гьес цеве ккара-ккаравги вухулев вугин. Инсуца гьезда абун буго нуж лъутугейин, гьесие къваригIарав чи жив вугин.
Хаду-хадур дов таманча бахъаравги цогиги гIадамалги гьарун, кодоб цо арматураялъул кесекги тIаде щун вуго эмен кIигогIан кутакав, бетIералдасаги габур бицатав цо гуржияв. ВачIинахъего гьев инсуда тIаде ун вуго ва кодоб букIараб жо кьабизеян гьесун вуго. Гьеб лахIзаталъ инсуцаги доб кидаго цадахъ чIезабун букIараб хеч босун гьесул чехьалда цузабун буго.
ЦIорон хутIарав гуржиясги, гьев дагьавгIаги вагъа-вачарани чохьолъ къазабизе хIадурун хечгун вугев жинцаги гьеб хIалалда гIезегIан заман банин бицунаан гьес. Дов эчедисесги дида бицун букIана гьев кIиясго гьеб хIалалда цо чанго минутцин бан батилин.
Гуржияс жиндир ярагъ гIодобе рехун буго ва киназдаго рагIизабун гьенир аскIоре ракIареян ахIун буго. Цинги гьенив вукIарав цо балугълъиялъул гIужде вахарав васги дир эменги рихьизарун: «Гьав дир вас вуго ва жакъа къоялдаса нахъе гьавги гьасул вац вуго», - ян абун буго. «Гьазул цогIагиясе къварилъи гьабурав чияс жиндие жаваб кьезе ккезе буго», - ян тIадеги жубан буго.
Гьедин гуржиязулгун гьудуллъиги ккун, бищунго бигьаяб хIалтIиги жиндир букIанин, бищунго цIикIараб харжги гьеб соналъ жиндие щванин бицунаан инсуца.
Гьес жеги бицунаан, Гуржиялъа тIад руссиндал, цо рузманкъоялъ какдаса рахъараб бакIалда сасикьез жиндие росдалго рахъалдаса баркалаги кьунин ва: «Бокьарай ясалде килищ битIе, гьей дуе кьезе йиго», - янги абунин.
Цогидал кIалъалелде гьенив вукIарав Пахроца, «Щийго ячине гьечIо Мусадибирасе, дир йиго гьесие кьезе яс», - абун кIал цебе ккезабун буго. Гьедин, Пахроги гьоркьове лъугьун, ячарай йикIун йиго инсуца Сасикьа ПатIиматзагьра.
ДИР ЭМЕН
АмирхIамзал ИсмагIил:
Дир гIумрудул бищунго тIоцересел ракIалдещвеязулъ инсуца ккола хасаб бакI. Гьеб заманалъ дун 2-3 сон барав чи вукIун ватила. ГьитIинаб гIаштIиги босун инсул устарлъиялъул цо алат буцIун гIодоб лъурав дида вагъичIого, эмен эбелалда вагъана, балагьичIогойин абун. «Щибха пайда!» - янги абун гьес борхараб квералдасаги хIинкъун эбел болъодухъе кIанцIи дица гьелда гIемер ракIалда щвезабулаан, «Дир дададасаги хIинкъун болъодухъа тIаде кIанцIарай жо гурищ йигей мун», - абун.
МУТАГIИЛАСУЛ РАГIИ
Цоги ракIалдащвеяздаса буго, пуланаб бакIалде инсуда хадув аян эбелалъ витIарав дида гьев, гIемер гьекъеялъ, гIакълуялдасаги ун ватараб куц. Гьеб заманалъ гьеб иш гIадатияб жо букIана нилъерги нилъер гурелги росабалъ. ГьитIинав дица «Дада, дада», - ян абулаго бакI-бакIалдасаги ккун гьесул ретIел цIа-цIалеб букIана. «Гьа, гьа», – ян абун, вагъа-вачаризе гурони, гьесда вахъине кIвечIо. Гьеб нухалъ гIадин мехтун гьев дида цоги вихьичIо. Гьекъелги гьес дун байбихьул классазда вугеб мехалъго тана. Гьобол-гьудул вачIани гьезие тIолаан, амма жинцаго гьекъечIо. Гьеб тIейги гьесда, кватIичIого, гьеб заманалъ мутагIиллъун вукIарав МухIамадица тезабуна. «Цоги нухалъ гьаб рокъоб гьеб баккани дицаги гьекъезе буго», - ян лъазабун буго васас инсуда. Гьединаб къимат букIана гьеб заманалъ мутагIиласул рагIул.
ЦIАКЪАБ КВЕН
Махсаро-хочI бокьулев, гьобол-гьудул хирияв вукIана эмен кидаго. Телевизорги гьечIеб, телефонги жеги баккичIеб заман букIиндал, гьесулгун хабар-кIалалъеги, квана-гьекъезеги вачIарав чи нижехъа камураб заман дида лъаларо. Инсул гIадат букIана, нижер рагъидасан балагьун бихьулебщинаб бакIалдаса эхеве-эхеде унев чиясда: «Цо цIакъаб квенги буго, жаниве вачIа!», яги «ГIебеде вачIа!» - ян ахIулеб. «ГьечIо квенги, дурго нухда а», - ян абулаан эбелалъ гьоркьо-гьоркьоб, амма, щаялиго, гьелъухъ гIенеккулев чи вукIунароан.
«Те, АмирхIамза, батизе гьечIо квенги, виччай дун дирго нухда», - ян абулаго вачIунаан Кьурданахъа колоде унев яги гьениса вачIунев Мусадибир. Гьевги, мунагьал чурад, хабар берцинав, гIадамазулгун хIал рекъарав чи вукIана.
ГИТЛЕР
Гитлер абун тIокIцIар кьун букIана инсуе къедисез. Бицен букIана: цо цадахъго росу хIалтIизе бахъараб бакIалда гIадамазда ахIдолев вукIарав гьесда ГIашикъил ГъазимухIамадица абун бугин: «КигIан гIемер ахIделев, Гитлер гIадин», - ан. Гьелдаса хадуб гьеб цIар, инсуда гIадин, нижеда лъималаздаги абулаан. Цогидазул иш лъаларо, амма дий гьеб цIакъ захIмалъулаан.
ЭМЕН - БРИГАДИР
Жо бичIчIулев лъугьаралдаса нахъе дида эмен ватана росдалги колхозалъулги цо-цо гIаммал ишазул, хуривги харинивги, хасалоги риидалги росулъ гьарулел хIалтIабазул цевехъанлъун. Цониги къо букIинчIин ккола, хасго риидал, рогьалилъ Кавуда сиялдеги вахун Анлъичил ГIабдухабирица гIадамазда хIалтIизе рахъаянги ахIичIеб, рахъине кватIулел гIадамазда эменги ахIдечIеб. РакIалда цIунун хутIун буго цо гьадинаб ахIи: «Лее, гIадамал! Метер харил нормаби кьезе Дебел бакълъул рагIалде ине руго!».
ЛЕНИНИЛ БЕТIЕР
КвартIа кодоб кквезе лъаралдаса нахъе дида нижер рукъалда гъоркь тIокъокь рачги, гьапероги, квартIа-гъецIги батана. Росдалго цIарагI бачIунаан инсухъе къачIазе. Цо-цо тIагIел гьес жинцагоги гьабулаан. Гьес виччан дицаги, дирго гIелалъул лъималазги, иргаялда чIун, гIемер гьеб гьапероги пулаан, къебелъул гъецIалъги ккун гьанжего-гьанже цIадулъа бахъараб, цIвагIан багIарлъараб маххалда кьабеян кьуни, квартIаги кьабулаан.
Цо нухалъ, инсул куртIбиги росун цин рач бухун, цинги ракь бухъун рукIарал дунги вац МухIамадги тIаде ккана цо чIорто-къехьги жемун бахчараб жоялда. Инсанасулалда релълъун гьабураб ботIрол кескал: мегIер, гIундул, берал ругоан гьелда жанир. Къебелъул рачалдаги лъун рукIаралдасаги гIиссин гьарун гьел рекулел ниж рукIадго тIаде щварав инсуца: «Воре-воре, гьеб иш хIукуматалда лъани, дун жанив лъола!», - янги абун гьел нахъе ракIарана ва додинго жема-хъемун цо рахъалде росун ана.
Гипсалъ гьабураб Ленинил бетIер букIун буго, кинали лъаларо, бекун нижер тIокъокь ракьулъ букъун. Гьелъул хIакъикъат цIехезе ккола, амма лъалеб жо буго, ургъунго гьеб бекизе кIолев чи гьеб заманалъ Советский Союз хъирщаниги щвезе вукIинчIеблъи.
Гьеб кинабго хIужа-далилги кьочIое босун абизе бегьула, ЦIумада мухъалда тIоцебе Ленинил бетIер хъурарал чагIи дунги дир вац МухIамадги рукIанин.
РАДИО
Ток росулъе бачIараб заман дида лъаларо, амма ракIалда буго радио абулеб жо нижер цеберокъоб къеда магIги чIван инсуца дализабураб куц. Радал рахъаралдаса къаси сордо бащалъизегIан чIечIого гьелда жаниса кечI ахIулелниги, кIалъалелниги гIадамал дида рихьизе кколин хIукму гьабурав дица цо къоялъ гьеб къедаса бахъана ва буха-буцIун лъабго кесекги гьабун гIодоб лъуна. Гьеб «операция» дица гьабулаго аскIов вукIарав МухIамадиеги гьел гIадамал рихьизе бокьун букIун батилаха, чIа-теян гьес дида абичIо, амма эмен вачIунев вукIинги лъан столалда гъоркь вахчарав дун гьесда вихьизавуна.
«ГIАДАЛЛЪИЗЕГIАН ЦIАЛИЗЕ ККОЛА ЧИ»
Жеги школалде инчIев дунги тIоцересел классазда вугев МухIамадги инсуца Сасикь эбелалъул вацасухъ Къуръан цIализе щвезаруна. Щаяли ракIалда гьечIо, дир гьениб цIали лъугьинчIо, амма МухIамад гIемерал соназ Сасикь хутIана. Школаги гьес гьениб лъугIана. Нижер цIалиялда хадуб инсуца цIакъ кIвар кьолаан, хасго МухIамадида тIадчIей гьесул цIикIараб букIана. «ГIадаллъизегIан цIализе ккола чи», - ян абулаан гьес нижеда, гьединго гьанже нижер лъималаздаги абула. Диниял гIелмабазул тIахьал къанагIатаб заман букIиндал, инсуца оцалги кьун босараб чанго тIехь буго гьабсагIатги МухIамадил китабханаялда.
Цо нухалъ рокъове щвезе вачIарав гьес дида жиндир мугъ бихьизабуна. Эхере-эхедеги доре-гьанирехунги рахъарал багIарал, би речарал мухъаз цIун букIана гьеб. МугIалимас виччарав вугинги абун рокъов вачIарав гьев, виччан вукIинчIевлъи лъарав инсуца, сардилъ бусадасаги вахъинавун цIалаца вацIун вукIун вуго.
Гьеб цIал дидаги щвана чанги. ГIемерисеб гьеб дида щвана къебелъул тIагIелги гIиялги сабаблъун. ЦIали сабаблъун инсуца дун вухараб ракIалда гьечIо, амма кIудияв гIедал, гIакълу бачIиндал чанги ккана вухунго вукIараванищан. ЛъикIал къиматалгун вачIани гIарац кьолаан. Щаяли лъаларо, гьеб методалъул цо кIудияб хIасилго ккечIо.
Цо нухалъ, ракIалда буго, школалда цебе бугеб торгIо хIалеб майданалда аскIосан жиндирго ишалъе унев эмен, гьеб майданалда дарсида букIараб нижер классалда аскIов лъалхъизавуна мугIалимас ва дида тIасан гIарз гьабуна. Жеги байбихьул классаздаго дун вугеб заман букIанин ккола гьеб. Инсуца дун жиндаго аскIове ахIана ва гIодоб бетIерги далун гIунун чIарав дир чунтбузухъ букIараб жо къватIибе бахъизе лъугьана.
Гьениса бахъараб жо гьенибго аскIоб ракьалда сокIкIулеб букIана. Ахиралда гьеб бакIалда лъугьараб гохIалъ дунгоцин хIикмалъизавуна. Рогаткабаздаса байбихьараб, спичкаби хъурун кьвагьулел танчазде щун, рицIцIил гьештIерабазде гIунтIун, камураб жо гьениб букIинчIо. ГIодов къулун вугониги цо бералъул рагIалалъ дида инсул гьумер бихьулеб букIана. Дир магIишаталъухъги валагьун гьев гьимана ва: «Гьав цIализе регIилищха», - янги абун жиндирго нухде ана. Классцоязда гьоркьобги хъим-хъими бахъана, гьимулев мугIалимасги дун дирго буголъи букIараб бакIалде бакIаризе виччана.
ЧАХЪАБАЗЕ ТАМИХI
Микьго вац-яц ругеб хъизан букIана нижер. Школалда лъималазда цебе, къватIахъ яги чияр гIадамал ругеб бакIалда инсуца нижее тамихI гьабулароан, амма рокъор, ццин бахъун жив вукIадго кодор щвани, гурхIунги толароан. Гьеб лъалел нижги, цо кинаб букIаниги такъсир ккани, рахъ-рахъалдеги тIурун, гьев тамахлъизегIан рахчун чIолаан.
ЧIикIизе гуреб ца базе гIурччинхер жеги байдабахъ гьечIеб цудунаб их букIана. Колхозалъул хъулухъалъ Хасавюрталде ине вахъарав инсуца дун школалде виччачIо ва, инарин лъугьарав дир гьодалда цо чанго жоги бахинабун, ине кколеб рахъги бихьизабун гIияде витIана. «Мун а, дица гьабила гьазие», - ян гIодилаго арав дица гьел росдадаса рикIкIад гьечIеб бакIалда ГIиссинхурзабахъ цо ссанда къана. Гьеб хIалалда гIемер заман инчIо, циндаго дир бер чIвазе лъугьана, ссандаса ссанде тIерхьун баккун бачIунеб инсул кепкаялда. Гьев цевего росулъа ун ватилин абун ургъел гьечIого чахъабазе тамихI гьабулев вукIарав дица гIедегIун гьел рагъа рачаризаризе байбихьана. Лъугьине бегьулеб жо лъачIого рукIун ратилаха, дир вортанхъиялъул гьез цо кIудияб ургъелго гьабичIо, гьеб бихьарав дицаги ругелъул гьелги тун, ЦIаданикьехун бухъизабуна. Пикру букIана эмен хадув лъугьинарин, гьединлъидал байбихьуда искоростги дир дагь букIана. ЦIакъго ццин бахъун вукIараб хIисаб буго, гьев циндаго векеризе лъугьана, гьеб бихьарав дицаги тIубанго газ мерхьана. Гьеб хIалалда, эменги васги, цере-хадур, ганчIидаса ганчIиде, ссандаса-ссанде кIанцIулаго Бихурачалил гъугъдулъа эхеде гьункьана.
ГIемераб мехалъ рекеризе ккечIо. Гъугъдул тун рацIцIалъуде щвелалде инсул килщал гьечIеб квералъ дир гъванша ккуна ва гьеб ккураб хIалалъ гъоркь дун, тIад гьев ганчIазда гьоркьор гIодор ккана. «ГьечIишха цо бетIер бухизе гамачI», - ан абуна инсуца ганчIазул гохIда накабиги чIван ва щибго жо кьабичIого дун восун лъарал рагIалдаса гъоркье рехана.
ГIезегIанго борхатаб гIерекъ букIаниги, гьелъул тIарадаса аххаде щвезегIан сали гурого букIинчIо. Гирун вехе щведал дун тIаде вахъана ва хьиталги тIадго лъарги бахун добцояб рахъалде вахана. Гьабизе жо букIинчIо, цо чанго берцинаб рагIиги инсуде ахIун, вугелъув гьевги гIиги тун дун росулъе ана. Дида лъаларо гьесда дица абураб жо рагIарабищали, лъарал хъуялъ рагIичIого хутIун батизеги бегьула, амма дида бихьана ХIамичгохIдехунги сверун гьев гьимулев вукIараблъи.
....................................................
Къиялалги гъалгъаялги цIакъ рокьула инсуе. Къедисезул мадугьалзаби рукIиналъги букIинарищха, гьениб гIагарлъи гIемер бугинги абула. Гьезул рукIа-рахъиналъул, хьвада-чIвадиялъул, яхI бахIарчилъи, гьобол-гьудул хиралъиялъулги гIемер бицуна. Нилъер чанги эбел къиялай йикIанин, чанго имгIаласдаги къиялай йикIанин абула. Эбелалъ бицуна, гьитIинал ругеб мехалъниги яги хадур дагьал кIудиял гIедалниги, инсуца ниж жиндир лъимал цогIаги нухалъ кодоре рачарал гьечIин. Дида ккола гьеб къиялазул гIадат батилин. Гьелъие цоги гIилла букIине рес гьечIо. Дида лъала дир инсуе лъимал рокьулеблъи.
ХВАЛИЛ УНТИЯЛДА АСКIОБ САБРУ ГЬАБИЯЛЪЕ САБАБАЛ
МухIамадсултIанил ЗайнулгIабид:
- 2013 абилеб сон. Декабрь моцIалъул анцIабилеб къо, квачараб бакъанил гIуж. Онкологиялъ захIматго унтарав вац ГъазимухIамадгун гара-чIвариялда рукIадго, нижеда тIаде ячIана гьесул яс . Гьелъ инсуда абуна:
- Дада, дун рокъое уней йиго, Аллагьас хъван батани, цо чанго къоялдасаги ячIина, - ян.
Аллагьас мун сах гьавегиян абулаго гьелъ гьесул бетIералда хIеренго баана ва нижгун къомехлъикIги гьабун ана. (Гьеб букIана гурхIел-хIалимлъиялъул ва хIурматалъул цIураб, ахираб батизеги бегьулин дида ракIалда ккараб, инсулгун ясалъул къомехлъикI гьаби).
Гьей ячIинелдего вацасулгун дир букIана гьадинаб хабар.
Цо-цо жо бицун гаргадулел рукIаго гьес дида абуна жинда аскIовегIан вачIаян.
- Дуе щиб кьелеб? - абун гьикъана гьесие цо щиб букIаниги бокьун батилин ракIалда ккарав дица.
- Щибго къваригIун гьечIо, дие хвалил бице,- ян абуна гьес.
Сундул бицаниги хвалил бицине хIадур вукIинчIев дун байбихьуда цIорон хутIана, цинги дирго бугеб хIал гьесда лъазе теларин абун кьвара-гъарун гьикъана:
- Аллагьас кьураб заман лъугIидал хвел бачIинчIого чIоларин, гьелъул бицине гьечIин къотIи букIинчIищ нилъер? – абун.
(«Щиб амруялъе гьаб унти бачIун батаниги, нилъеца цоцазе рагIи кьола, нилъер цоял хвезегIан къвакIун чIезе, кверал гIодоре риччачIого унтиялъе асбабал цIехезе», - ян абураб къотIи букIана нижер).
Гьединги абун дица гьесие Къур’аналдасан аят цIалана: ;;; ;;; ; ; ;;;;;;; ; ;;;;;; ; ;;;;;; ; ;;;;; ;; ;; ; ; ;;; ;;;;; ;; ;;;;;; ; ;;;;;; ; ;; ; ; ;;;;;; ;;;; «Но, никогда не отложит Аллах душе, когда к ней придет ее срок [не даст отсрочки, когда придет время смерти]. И Аллах сведущ в том, что вы делаете [Он знает все ваши деяния и воздаст вам за это]!» (Къур’ан: 63:11-11)
Вацас разилъун бетIер гьанкIана.
- БукIана, амма гьаб нухалъ гьаб дида тIад рекIана, дун гьалъ виччаларин ккола, - ян абуна.
Ниж къварилъахъдана. Гьеб пашманлъи халат бахъун тезе бокьичIого дица абуна:
- Кин букIаниги мун талихI бугев чи вуго, - ян.
«Гьаб бихьанщинаб къварилъи, хIехьанщинаб унти... гьас бицунеб щиб?», - ан абулеб гIадин гьев дихъ валагьана ва щибалиго абизехъин вукIана.
- Дур гIумрудул ахирисел соназ дуца нахъе тараб нухалъулги, гьарун тарал ишазулги хIисаб гьабе, - ян абуна дица гьев кIалъалелдего ва гьесие гьел ишал рикIкIине лъугьана.
- Гьаб унти дулъ букIин лъалелдего тавбуги гьабун мун Аллагьас Исламалъул гIелмияб нухде ккезавуна, - гьеб гурищ цо талихI?
- Мунагьал чуризе, ракI тIеренлъизе, тавбуялда вукIине унти кьуна, - кIиабилеб талихI.
- Дудасан зарал-зулму ккарал чагIи рукIун ратани, гьезда тIаса лъугьаян абизе заман гIуна, - лъабабилеб талихI.
- Лъимал-хъизан, Къур’ан, гIараб мацI, рукIа-рахъин малъун битIараб нухде лъуна, - ункъабилеб талихI.
- ГIемерав чияс: тIаде рачIине рес гьечIез рикIкIадасанги, рес бугел зияраталъе рачIунги дур мунагьал чурагиян дугIа гьабуна, - щуабилеб талихI.
- Аллагьасде лагъ гIагарлъилин, Аллагьас Къур’аналда рехсарал ва аварагас рицарал (сабру, сардил какал рай, гIемер Къур’ан цIали, кидаго жамагIат как бай ва гь.ц.) асбабазулъ мун ккелин абураб хьулги буго, –анлъабилеб талихI.
- Дуе хъизан-агьлуялъ, гIагарлъиялъ, гьудул-гьалмагълъиялъ гьабураб хидмат, хIурмат, - анкьабилеб талихI.
- Дуда бихьизе гьечIо эбелалъул хвел, бихьизе гьечIо инсул хвел, ва гьединго яцал-вацазул хвел, - микьабилеб талихI.
- Дуда аскIов дунгIаги вуго, дидаго щиб бихьилеб лъаларо. Унтун ккани, лъица дий хъулухъ гьабилеб, лъилгун ургъел бикьилеб? Дир вацги гьудулги индал лъида мугъ чIвалеб? Гьедин дица абидал, ниж нахъеги къварилъахъдана. Нижер гьеб хабаралда гIенеккун аскIов вукIарав гьесул васас абуна:
- Дун гурищ, гIимач, дуда аскIов вукIинеги, кидаго дуца абуралъе вахъун чIезеги хIадурав, - ян.
Дица тIаде жубана:
- Дие щвезе гьечIо (дир яс гьечIолъиялъ) жакъа дур ясалъ дур бетIералда гьабураб гIадинаб хIалимаб баиги хIеренаб саламги. Гьебги дур цоги талихI, - ян.
Гьеб тIаде жубай дица гьабуна гьимулаго. Гьелъие жаваб гьабун гьевги гьимана ва рази-ракилъун: «Дун гIадин Аллагьги разилъаги дудаса, жазакаЛлагьу хайра жазаан», - абун дие дугIа гьабуна, гьедин нижеца гьеб хвалил бицинги тана.
(хадусеб. 11 бут1а. ТАРИХАЛЪУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ МАКЪАЛАБИ")
Свидетельство о публикации №226040901011