Къеди ва къедисел. 11 бутIа. Тарихиял макъалаби

КЕДИ И КЕДИНЦЫ
Очерки истории микрорегиона Кавказа: сборник документов и материалов.
Глава 11
ИСТОРИЧЕСКИЕ СТАТЬИ
(На аварском языке.

УНКЪРАКЬ - КЪИЯЛАЗУЛ АМИРЗАБИ[363]

Борхатаб Кавуда кисма[364] гъедалго
Киндай рихъ-рихъичIел хъахIилал зобал?
Кавудахъан рачун лучби гъуридал
Щайдай кьвагь-кьвагьичIел чIегIерал ракьал?

РигIарал, тIагIаял тIухьидул гулби,
ТIинчI мокъокъил курмул киндай рорлъана?
ТIун кескал лъугьаял Мисри хвалчаби
Лучбузул габунир киндай рахъана? (магIу)[365].

Тарих гIелмуялда жанир: «Къедиса амирзаби», «Ункъракьалъул амирзаби», «Къедиса нуцаби», «Къедиса султIанал» абун гуребги, жеги чанго батIиял цIаразда гъоркьги рихьизарун руго гьел гIадамал. Амма кинаб цIар гьезие гьениб кьун батаниги, гьезул щибалъул буго цо магIна – гьел гIадамал рукIана Кавказалъул цо бутIа ракьалъул хважаинзабилъун ва, шаклъи гьечIого, гьелъул тарихалда жаниб гьез тана гвангъараб лъалкI. Гьел гIадамазул амирлъиялъеги, жидер ракьалда, жидер амирлъиялда гъоркь ругел гIадамаздехун гьезул букIараб балагьиялъеги, ритIухълъи яги ритIухълъи гьечIолъиялъеги къимат кьезе лъугьинчIониги, гьаб макъалаялъул авторас хIал бихьана нус-нус соназ цо халкъалъе жидеца цебехъанлъиги гьабурал, гьелъул квешаб-лъикIалда балагьунги рукIарал, цинги цо къоялъ «Кавказалъул рагъ» абураб балагьалъул къурбаналлъунги жал ккарал гIадамазул хIакъалъулъ, гьезул хIурмат гьабун, бицине. Гьаб хъвалесул кинабгIаги шаклъи гьечIо гьел гIадамал рукIараблъиялда жидер заманалъул лъикIаздаса ва цере тIураздаса, ва, гIемерисеб кколеб гIадин, гьеб ккараблъиялда гьел гIадамазде балагь бачIиналъе гIиллалъун.


[363] И. Газимагомедов. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала, 2015.
[364] Кисма (гIараб.) – цIа.
[365] Гьеб кечI 1980 соназ авторасе бицана АмирхIамзал Сурхайил Сакинатица.

КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ ТУХУМ[366]

«…Гьел ккола батIи-батIияб заманалда Хунзахъа гочун рачIарал нуцабазул гIагарлъи, Ункъракь мухъалда жидеца бетIерлъи гьабулел рукIарал. Гьаб тухумалъул бищун некIсияб гIаркьел ккола Алдамилал, жал гьанире, цо-цо баяназда рекъон, XIII-аб. (1256 с. – авт.) гIасруялъул бакьулъ Суракъатил вас Байаргун цадахъ щварал. Гьаниб аваданаб жаниблъиялда гьезда рихьун ратила кулабазда гIумру гьабулел чагIи ва гьенибго лъарал рагIалда - цIакъ щулияб кьурул гIус гIадаб борхалъи. Гьеб борхалъуда гьез бан буго гьен (гIурус. – «замок») ва гьелда сверухъ жидерго рукъзал, сверухъ къедги бугел ва жанибе унеб кавуги лъурал. ГьабсагIатги гьеб борхалъуда бараб нуцабазул авалалда къедисез Каву абула.
Имаматалъул заманалъ Кавуда сивунир рахчун рукIарал нуцабазул тухумалъул чагIи рухIун руго, гьелда сверухъ цIаги гъун. Мансур ХIайдарбеговасухъе щварал баяназда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго гьижрияб 1260-аб. соналъул шавал моцIалъул ахиралда[367]. Гьенив вукIинчIев нуцабазул тухумалдаса КIудияв Сурхай абурав чи чIван вуго Сасикьа Тула-ГIиса абурав чияс (ул кумекалдалъун. – авт.) къегьалазул ГьагIмади[368] росулъ. ГьагIмадиб гьесул букIун буго гIагарлъи.
Нуцабазул кIиабилеб гIаркьел ккола – АмирхIамзалал. Гьел ккола, КIудияв ГIумаханил вац Гебекил наслуялъул[369] биценазда ва Тимур Айтберовасда ратарал гIараб хъвай-хъвагIаязда рекъон, 1729-30 (гьижрияб 1142 с.) соналда (ГIумма-нуцалил чагIаз – авт.) жиндир эменги чIван Къедиве арав АмирхIамза абурав нуцал чиясул наслу. Гьеб соналда Хунзахъ аскIоб бугеб КIахъ росулъ ккун буго лъабго вацасда гьоркьоб кьал. Пирхарав (ццидалав) ГIумма нуцалил чагIаз чIван ратила (лъица лъалеб гьечIо) гьесул вацал Гьанкалавгун Туралав ва гьесул вас МухIамад. ЧIаго хутIанила Гьанкаласул вас АмирхIамза. Гьевги жиндирго кIиго яцгун имгIал Пирхарав ГIумма-нуцалилгун рекъел къабул гьабичIого ун вуго Къедиве. Гьенир кIияйго яцги (цоялда цIар Ханзада. – Ш. ХI.) (цогидалда СунтIазадай. – авт.)Алдамилазе кьун руго. Жеги Нуцаби тухумалъул рицуна Сурхайилал (гьев ХIХ-аб. гI. гIумру гьабун вукIарав чиясдаса бачIараб цIар батила; дида ккола гьелги АмирхIамзалалги цого чагIи ругин. – Ш. ХI.) ва БурикIилал (гьезда Бурашилалги абула. – Ш. ХI.) абурал гIаркьалаби ругин абун. Нуцабазул тухумалъул чагIи руго цогидал Ункъракьалъул росабалъги: Гьакъо – Суракъатилал (Къедиса Сурхайилазул гIагарал ругин бицуна. – Ш. ХI.), Сасикь – БацIилал (гьездаго Асланбегилалги абула; биценазда рекъон 1844-б соналда Асланбег гьитIинав вас вукIиндал чIвачIого хутIана ва хадув Сасикье гочана; Къедиб бицана гьев БурикIилазул чи вугин. – Ш. ХI.); Силди – Хъазилал (АмирхIамзалал), КIванкьада – АмирхIамзалал (ХIХ-б гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гьениве гочун вуго МухIамад абурав чи, гьелги ккола гьесул наслу. – Ш. ХI.)»[370]


[366] ШагIбан ХIапизов. «НекIсияб Къеди», «Миллат» казият, № 6.
[367] 1844-аб. соналъул ноябрь моцIалъул бакьулъ. - Ш. ХI.
[368] ГIурус. – «село Хакмадой Шаройскогорайона Чеченской Республики». – Ш. ХI.
[369] Гебекил 5-аб. наслу – Хъайтмаз ПатагIалиев-Аварский.– Ш. ХI.
[370] Къедиса нуцабазул наслуялъул чагIи рукIана КIванкьадаги Хъваршиги. «АмирхIамзал МухIамадилал».

СИМ-СИМ УЛКАЯЛЪУЛ ХАНАСУЛ ЛЪАЛКIАЛ[371]

 «1256 соналъ Абумуслимил бетIерлъиялда гъоркь Хунзахъ тIалъиялде бачIараб гIарабазул аскаралдаса къун Суракъат ханасул вас лъутизе ккун вугин Тушалъе, жиндир хIисабалда, гьеб заманалъ рачIарал ругин нуцаби Къедире», – ян хъвалеб буго тарихчи ШагIбан ХIапизовас. Гьединаб пикру гьев гIалимчиясул гуребги, Дагъистаналъул тарихалъул гIелмуялда жаниб цоги чанго бакIалдаги батула. Гьеб хабар роцIцIинаби мурадалда бокьун буго гьеб некIсияб хъвай-хъвагIай тIубанго гьаниб лъезе:
«…Цинги гьел аскарал ана мугIрузде, ай Авариялде. Авариялъул кверщел жиндихъ бугев, жинда нуцалинги абулев Байар, Суракъат ханасул вас, цо бутIа жиндир гIагарлъигун, гьезул агьлу-хъизангун Туш мухъалде лъутана, гьеб ракьалъул гIадамалги гьесул кверщаликь рукIиналъ.
…Цо заманалдаса, гьев, жиндие нагIана батаяв, Исламалдаса лъутун капурзабазухъе ун Тушалъ чIун вукIарав, жинда нуцалинги абулев Суракъатил вас Байарил Амирсултаница боялда гьарана жиндир инсулги умумузулги ханлъи тIад буссинабизе кумек ва ЦIунтIаса байбихьараб Аришти[372] щвезегIан ракьалдаса аскарги данде гьабун, гьебгун цадахъ балъго сардилъ Хунзахъе вачIана…»[373]. Гьаб баяналъул тIоцебесеб бутIаялда бугеб «…гьеб ракьалъул гIадамалги гьесул кверщаликь рукIиналъ» абураб каламалдаса бичIчIулеб буго гьев лъутун араб ракьги гьеб заманалъ гьесие чияр букIинчIолъи. Шаклъи гьечIо, гьел мухъал хъварас Туш абураб цIаралда жанибе жакъа нилъеда лъалеб Туш гуребги гьелда гIагарда бугебщинаб ракьги бачун букIиналда, щайгурелъул гьел нуцабазул бищунго гIемерал лъалкIал Ункъракьалъул Къеди гурони гьеб мухъалъул цоги бакIалда гьечIелъул.
Буго цоги хабар чачаназул тарихалда жаниб батараб. Чачаназул гIалимчи А. Сулеймановас жиндир «Топонимия Чечни» абураб тIехьалда хъвалеб буго: 1944 соналъ гочинаризе цереккун жиндир умумузухъ цIунун букIараб тарихияб хъвай хъвагIаялда жаниб бихьизабун букIанин, тушманас Сим-сим абулеб ханлъи биххизабун хадуб гьелъул хан Суракъат ва агьлу хъизан, хутIараб аскаргун, хазинагун, ярагъ-матахI ва цоги гIемераб бечелъигун, бакI-бакIалдаги лъалхъулаго щванин Чанты – Аргун гIоралъул рагIалде ва гьелъул квегIаб рахъалдеги рахун цо кьурул гIусалда тIад кутакаб хъалаги бан гьенир чIанин. Жакъаги тIубан биххичIого бугеб гьеб хъалаялда цIарги бугин «КIирда бIавнаш». Кинниги гьев Суракъатидаги гьесул вас Байаридаги кIвечIин гьеб ракьалда тIад щулалъизе ва рачIарабго къагIидаялъ жидерго богун, агьлу-хъизангун нахъеги анин...
Сулеймановас бицунеб гьеб бакI буго гьанжесеб Итумхъала районалъул ракьалда бугеб ТIерлой мухъ. Гьеб мухъалъулги, гьелъулго мадугьалихъ бугеб Пешхой ва Нашхой мухъазулги бакIазул цIаразул (гIурус топонимия) хIисаб гьабидал, Чачанлъиялъе гIадатал гьечIел, амма Къеди ва Къедиса нуцабазул цIаразда цIарал хурхарал бакIал ва гьединго хъулбиги ратана. Пешхой ва ТIерлой мухъазда гьоркьоб бугеб мегIералда цIарги «Къевдин» буго. Гьединалго бакIалги бакIазул цIаралги руго Итумхъала сверухъги, ЧIанти, Зумсой, Хьаро, Шаро ва ЧIарбил мухъаздаги.
Нилъеца хал гьабулеб ва гьелдаса хадусеб заманалъул тарихалъул хIисаб гьабидал бихьулеб буго, гьел ва гьел гурел цоги хадусел цIех-рехазул хIасилалдаги магIарулазул ханзабазул хIакъалъулъ Чачанлъиялда ратизе бегьулел баянал жидеда хIикмалъизе кколел гьечIолъи, щайгурелъул Аргуналъул жаниблъиялда ва гьениса Гъалгъаялъе щвезегIанги бугеб ракь нус-нус соназ цо рахъалда хундерил, цогидаб рахъалда къедисезул тIалъи бугеб букIиндал. Щоботибе щун, ЧIарбилъ, ГIандимагIарде нахъе гIунтIун Къедиса Алдамилал лъалареб, батIи-батIияб заманалъ гьезул кверщаликье ккечIеб бакIги гьениб букIун гьечIелъул. Нилъер тарихалъе цIакъ кIвар бугеб ва жеги гIемераб хIалтIи тIад гьабизе кколеб суал буго гьеб.
Нус-нус соназ Ункъракьалда тIад кверщел гьабун гьелъул хIакимлъун вукIана Къедиса нуцалчи. Ункъракьалъул ичIабго росуялъ магъало кьолаан гьесие. Гьел росабалъ гIадлу-низам билъанхъизабизе тIаса рищарал гIадамалги рукIана гьесул. БатIи-батIиял суалал данд разе гьел ракIарулаан Къедир ва гьел данделъабазда гьев нуцалчиясул бетIерлъиялда гъоркь хIукмабиги гьарулаан[374].
Гьеб хIужаялда мугъчIвайги гьабун абизе бегьула Ункъракь кидаго букIанин гьелъул киналго жамагIатал Къеди росдада сверун ракIарараб цолъилъун, гьенив чIарав нуцалчиясул тIалъиялда гъоркь. Жиб-жиб рукъ рикIкIун магъало кьей гуребги, гьел жамагIатазда тIад гьабун букIана гьев нуцалчиясул аскаралде рагъухъаби ритIиги, гьесул тухум-кьибилалъул гIадамазул хIурмат гьабиги[375].
Гьелдасан бихьулеб буго Ункъракьалда гьев нуцалчиясул ракь букIараблъи жинда тIад бетIергьанлъи феодалияб къагIидаялъ гIуцIараб. Гьеб кинабго ракьалъул хважаинлъун жив вукIин гурони, цоги гIорхъи чIварал ракьал гьелда жанир гьесул рукIинчIо. Кинабго гьеб ракь букIана жиндаса пайда босизе цогидазухъе гьес кьолеблъун ва кьураблъун. Европаялда доб заманалъ феодалазул ракь батIа (барская запашка), рекьарухъабазул батIа букIараб гIадин гуреб, гьаниб нуцалчиясул ракь гIаммаб ракьлъун букIана. Гьелда жанир жалго рекьарухъабазухъ рукIарал ракьул бутIабиги бенефициял[376] хIисабалда рукIана, нуцабазе гьабураб хъулухъалъухъ цо цо гIадамазе кьурал, цинги лен[377] хIисабалда гьел жалго бетIергьаналлъунги лъугьарал, гьаниб цебе бицараб къадаралда магъало кьезе ва хIалтIи гьабизе къотIигун[378].
Гьединаб хIисабалда Къедиса нуцабаз гьеб жидер ракьалда ва гьениб бугеб халкъалда тIалъи гьабулеб ва гьезие хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб букIана умумузул гIадаталда ва шаргIалда рекъон.


[371] И. ГъазимухIамадов. Правители Ункратля и Киялала. Махачкала 2015. 79 гьум.
[372] Гайдарбеков М. Хронология истории Дагестана. 1970-71 гг. // Рукописный фонд ИИАЭ Ф. 3. Оп. I. Д. 236 (XIII). Л. 368.
[373] ЦИАГ. Ф. 231. Оп. I. Д. 95. Л. 4.
[374] Гусейнов М. Союз сельских общин Ункратля. С. 3-8.
[375] Гьенибго.
[376] Гьоркьохъел гIасрабазда жидер рукъалъе, хIакимлъиялъул ишазе ва, хасго, рагъулал ишазе жал чIаго ругебгIан заманалъ хъулухъ гьабулел гIадамазе ракьалъул бетIергьабаз кьолел рукIарал ракьазда абула бенефициялин. Гьединаб ракь жиндихъ бугев чияс къотIи хвезабуни, ракьалъул бетIергьабаз гьеб гьесухъа бахъула. Гьединго, гьев чи хведалги ракь бетIергьабазухъ тIад буссуна.
[377] Лен абула цо ракьалда тIад лъица вугониги тарав чиясе (вассал), гьев чи гьенив тIад тарасухъа (сюзерен) щвараб ракьалда.
[378] Гусейнов М. Союз сельских общин Ункратля.   

КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ТIОЦЕРЕСЕЛ БИЦЕНАЛ ВАУНКЪРАКЬАЛДЕ ИСЛАМ ЩВЕЙ[379]

Ункъракьалда ругел биценазул хIисаб гьабидал бихьулеб буго Хунзахъа ханзабазул рукъалъул чагIи Къедире рачIин битIахъего бухьараб букIин БакътIерхьул Дагъистаналъул халкъалда гьоркьоб Ислам тIибитIиялда[380]. Амма тарихалда ругел баяназда рекъон гьеб иш ккун буго гIемерго цебе, Абухосро ханасул заманалдаго. Гуржиязул «Псевдо-Джуаншерасул тарихияб хъвай-хъвагIай» абураб хIалтIиялда жаниб бицун буго, VIII гIасруялъ (гьанжеялдаса 1200 соналъ цебе) тушаздаги (ГIанди гIорул тIасияб рахъалда ругел халкъазда), гьединго хунзаздаги ва гьеб ракьалъул цогидал хъанчие лагълъи гьабулел халкъаздаги тIад ханлъи гьабулеб букIанин Абухосро абулев ханас[381].
Жидер амирлъи Ункъракьалда тIад тIибитIизабиялъе Аваразул ханзабазул букIун батула чанго гIилла:
- ТIоцебесеб. Гьелъул хIасилалда Ункъракь гьел нуцабазе лъугьана цогидал сверухъ ругел ракьаздеги жидер сиясат ва ханлъи тIибитIизабулеб бакIлъун;
- КIиабилеб. Ункъракьалдаги цоги сверухъ ругел ракьаздаги кверщел гьабигун цадахъ гьезул кверщаликье ккана цIакъго жиндир кIвар цIикIараб ва санагIатаб Гуржиялъегун Аланиялде ва ЧIегIераб ралъдахъе Жанисеб Дагъистаналдаса ва Каспий ралъдал рагIаллъабаздаса даранчагIи хьвадулеб нух;
- Лъабабилеб. Гьединго гьезие рес лъугьана Ункъракь къиялазул мугIрузда бугеб тIухьигун-гIарац бахъулеб бакI хIисабалда хIалтIизабизе ва гьелдаса хайир босизе[382].



[379] Балагье: гьаб тIехьалъул 3 бутIаялда «ГIурадаса Муслимил хабар».
[380] Биценал. ГIалихъиличил МухIамадкамил.
[381] Т. М. Айтберов. Древний Хунзах и хунзахцы. С. 37.
[382] Гьенибго. 7 гьум.

РЕКЪАВ ТИМУРИЛ ЗАМАНАЛДАСА ХАДУБ АВАРАЗАЗУЛ ХАНЛЪИ ВА УНКЪРАКЬ

«Дагъистаналда тIад тарал амирзабазе гьес (Тимурица) кьуна джизятгун харадж, гьезул щивас гъазаватал гьаризе гIураб къадаралда. Хундерил амирасе гьес кьуна Гьидерил гIоралдаги (Авар гIор) ГIандимегIералдаги гьоркьоб бугеб халкъ, щоботисезда нахъа ругел тIехI-къиялал, Ункъракь ва Гъалгъаялъе щвезегIан бугеб цогидаб мугIрузул халкъги. Гъази Гъумекиса амирасе гьес кьуна Гьидерил гIоралдаги Самур гIоралдаги гьоркьоб бугеб халкъ»[383].


[383] Гидатль: Исторические этюды. Автор: И. Бутаев. Махачкала, 2013г. С. 41.

ГIАНДУНИКI НУЦАЛАСУЛ ВАСИЯТ[384].

«Аваразул ракьалъул амир, къадруялъулги къуваталъулги бетIергьан, бергьенлъабиги гучги кодосев султIан Ибрагьимил вас ГIандуникIица жиндир вацасул вас, Аваразул ракьалъул хан Булач-нуцаласе гьабураб васият. Аллагьас тIовитIе абе гьев битIараб нухде.
- Я дир вацасул вас, росе дуца Аваристаналъул кIулал дурго кодоре!
ТIоцересел кIулал ккола ГIалихъиличилал,
кIиабилел – Жунгуталъул амирзаби,
лъабабилел – Гумбеталъул амирзаби,
ункъабилел – ГIандиса амирзаби,
щуабилел – КIкIаратIаса,
анлъабилел – бакълъулал,
анкьабилел - хучадисел ва Анкьракь.
Гьел кIулал дуца кодоре росани, цIанги, пахьги, маххги, цIибилги, ччугIаги ва цоги, чиясул гIумруялъе къваригIунебщинаб жоги дур кодоб, дур кверщаликь букIине буго. Гьедин гьабичIони, гьеб кинабго жо духъаги дур халкъалъухъаги лъутун ине буго.
Гьединго кIвар буссинабе дурго умумузул кверщаликь рукIа рал ракьазде ва гьел ракьазул гIорхъабазде, ва ккве гьел, гьел умумуз ккун рукIарал гIадин, щулаго.
ТIоцебесеб гIорхъи буго бакътIерхьул рахъалда. Гьеб ккола МиясугьатIан[385],
кIиабилеб – бакъ баккул рахъ алдаса, ГьоцIалъ росу бакьулъа,
лъабабилеб – къилбаялъул рахъалда, Хучадиса байбихьараб Гьолокьисезул кьоде щвезегIан.
Ункъабилеб – хьонлъул рахъалда, Салатав мугIруздаса байбихьараб Таргъуялде щвезегIан…
Дир вацасул вас, гьел гIорхъаби рахине ва гIатIид гьаризе къеркье, амма дурго ракьалъул цо рокьоб чIвалеб бакIцин цогидазухъе биччаге, дурго бахIарчиял умумул гIадинав амир мун ватани»[386]. Тарихчи Х-М. Хашаевас хъвалеб буго XV-XVI гIасрабаз Авариялда рукIанин ханзабиги, нуцабиги ва цогидал кверщелкодоселги, жидер бетIергьанлъиялда гъоркь кIуди кIудиял бутIаби мугIрузул ракьал ругел ва гьел ракьазда тIад боцIухъанлъиялдаса жидеца хайирги босулел. Жеги гьезул рукIанин рекьулел ракьалги ва гьеб ракь хIалтIизабизе ккурал, цере лагъзаллъун рукIарал, хадуб жиде-жидее ракьул бутIаги кьун тархъан гьарурал хIалтIухъабиги[387]. Хашаевас жеги хъвалеб буго магIарулазул батIи-батIиял мухъазда ва гьединго Къеди рукIарал нуцабазул хIакъалъулъ. Бищунго лъикIалги кIудиялги ракьал рукIанин гьезухъ. Шамилил заманалдаса цебе гьел росабазул гIадамаз магъало кьолеб букIанин ва лъабго къоялъ хIалтIизеги рахъунел рукIанин гьел нуцабазе[388].
«Сасикь, Къеди, Силди, Гьакъо, Митрада, Хъваршини, Цихалахъ росаби ругел ракьал рукIана Къедиса нуцаби бетIергьанал. Гьел росабазул гIадамалги Авариялдаса рачIун гьенир рештIарал рукIана, гьединлъидал гьеб ракьалдаса пайда босаралъухъ гьез магъало кьолаан Къедиса нуцабазе»[389].
Укъракьалда ругел биценазда ва архивазда ругел цо-цо хъвай-хъвагIазде балагьунги бихьулеб буго гьел росабазул гIада мал Авариялдаса рачIун гьенир рештIарал рукIин ва жидехъ ругел ракьаздаса пайда босаралъухъ Къедиса нуцабазе гьез магъало кьо леб букIараблъиги. «…Къеди, Гьакъо, Силди ва Сасикь росабаз, магIарде унеб щибаб 20 чахъуялдаса цIикIараб гIиялъухъ цо-цо хух. ТIасияб ва Гъоркьияб Хъварщинисаги Цихалахъаги – 30 чахъу. Хушети росдахъа – цо оц, Митрадаса - 30 къали тIощалил»[390]. Хашаевас жиндир тIехьалда хъван буго гьадин: «Жиндир гIумруялъул 70 сон бугев ГIусманов ГIабасица 1953 соналъул август моцIалъ нижеда бицана Къеди росу бакьулъ гьабсагIаталъги хутIун ругин жидеда «Алдамилалин» абулел Къедиса ахирисел нуцабазул минабазул чIваднал. Бугеб биценалда рекъон Алдам вукIана Авар нуцабазул анкьабилеб наслуялъул чи. Гьебго районалдаса херав Хъарагишицаги бицана жиндир церегосел умумул Къедиса нуцабазул наслуялъул гIадамал рукIанин. XIX гIасруялъул 40 абилел соназ гьел нуцабазул гIадамал Шами лил муридзабаз жидерго рукъзазда жанир рухIана. ЧIаго хутIана цоги росабазул гIадамаз хьихьизе рачарал чанго гьитIинаб лъимер»[391].
Къеди нуцаби рукIараблъи бихьизабулеб хIужа буго, гIурусазул Клюки Фон Клугенау абулев инаралас «Дагъистаналъул цо-цо халкъазул хIакъалъулъ» абун жидеда цIар тарал, 1839 соналъ гьарурал хъвай-хъвагIаязда жанибги. Гьениб гьес бицунеб буго 1837 соналъ Тушазул лъабго росу талавур гьабунин Ункъракьалъул амирзаби АмирхIамзал ва Малачил бетIерлъиялда гъоркь[392]. Гьел амирзабаз Тушазул гьел росабазухъа магъало босулеб букIана. «Къеди, Сасикь ва Силди росаби гьез жидер буголъилъун рикIкIуна гьел росаби тIад ругеб ракь жал бетIергьанаб букIиналъ, гьединлъидал гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез щибаб лъагIалие цо-цо чахъуги, цо-цо сахI тIощалилги, лъаб-лъаб къо хIалтIулги босула»[393].

 
 [384] Хъвай-хъвагIай гьабуна ГIанди росдал къади ГIалимирзаца 1485 соналъ. (ГIурусалдаса буссинабуна – авт.).
[385] Тарихчи М. Д. МухIамадовасул пикруялда рекъон, тарих гIелмуялда жаниб МИЯСУ буго гьатIан.Тарихчи М. А. Агаларовасул пикруялда рекъон бакътIерхьул рахъалда букIараб гIорхъи щиб бакIалда букIараб лъалеб гьечIо, щайгурелъул ГIандуникIил васияталда тIад бихьизабун гьечIо гьеб гьатIан букIараб бакI. Цо биценалда рекъон гьеб букIинеги рес буго Хунзахъ росдада тIад бакътIерхьул рахъалада магIарда букIараб гьатIан. (Яги гьабсагIат МигIарсо росу бугеб бакI – авт.)
[386] Т. М. Айтберов. Древний Хунзах и хунзахцы.
[387] Хашаев Х. – М. Феодальные отношения. С. 126-127.
[388] Хашаев Х. – М. Феод. отношения. С. 127
[389] Хашаев Х. – М. Указ. Соч. С. 136.
[390] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля.
[391] Хашаев Х. – М. Указ. Соч. С. 136. Къедиса нуцабазул ирсилазул хабар. Болъихъ. 1884 сон. 4 август.
[392] Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ 1846 соналъ И. Д. Цискаревас хъвараб ва Туплисалъул «Кавказ» казияталда бахъараб макъалаялда жаниб абулеб буго гьелда цебесеб сон Дагъистаналъул ва гуржиязул мугIрузда букIанин хъарцинаб, хурул бачIин цIакъ дагьаб, гьеб гIиллаялдалъун гIадамал ракъараб. «Жиндие цо ишалдаса щвезе бегьулеб жоялъул хIисаб гьабулаго гIалхулав магIарулав урхъун гъира-шавкъалда вукIуна гьелда тIалъи гьабизе щвеялда. КIиго бутIалъ вачуна гьев хIикматал гьунарал гьариялдеги: рецIел босизе бокьиялъ ва гьелдалъун жиндие бугеб хайиралъ. Чабхъад хьвадулел эркенал магIарулазда гьоркьов сундасаго нахъе къаларев, рагъулъги жив киназдасаго бахIарчияв Алдамил къимат Дагъистаналъго гьабулаан ва гьединлъидал, авлахъазул ракълилал росабазде тIаде магIарулаз гьарурал чанги битI ккараб чабхъеналъе бетIерлъиги гьес гьабуна. Мадугьалзабазде тIаде кIанцIиял гьариялдалъун мугIрузул ракьалъул мискинаб бачIин гьездаги жидедаги гьоркьоб хвалчаца бикьулел рукIин гурого тIокIаб иш жидеда лъаларел цогидал магIарулалго гIадин гьевги гьеб ракъул соналъ мискин вукIана. Гуржиялъ, Дагъистаналъул гIорхъода бугеб Чагъали мухъалъул тушазул бечедал Дикло ва ШенакIо росабиги цогидаб сверухълъиго гIадин хурукълъиялъ зарал ккарал рукIана, гьединлъидал гьеб соналъ мадугьалзабазе кьезе кколеб магъало кьечIого чIана. Гьеб иш сабаблъун ва цебеккунги жиндир гьезда ццин букIарав Алдамги гьездаса рецIел босизе гIедегIана. [Цискаров И., 1846]». Ю. Карпов. Взгляд на горы. Взгляд с гор. (Перевод – авт.).
[393] Институт истории АН СССР, ОРФ, Б, разд. 5, д. 12. С. 147-148. 

КЪЕДИСА НУЦАБИ ВА КЪИЯЛЪ РАКЬ

Гуржиязул тарихчагIаз гьарурал цIех-рехазда балагьун бихьулеб буго, нилъер гIасрабазда цебесеб заманалъ (2000 соналдасаги цебе) дагъистаниязул ва чачан мацI бугел миллатазул гIорхъи Терек гIор букIараблъи, жиндир бакъбаккул рахъалда Каспий ралъдахъе щвезегIан «лекIи» (магIарулал), бакътIерхьул рахъалда – чачаназулги ингушазулги цересел умумул рукIараб (адыгазул умумул гьеб заманалъ гIумру гьабун рукIана ЧIегIераб ралъдал рагIалда ва Кубан гIорул жаниблъиялда).
Насранияб тарихалда цебесеб заманалъул III гIасруялъ Саурмаг абулев гуржиязул ханасул кумекалдалъун чачаназул цересел умумул – «дурдзуказ» Терек гIоралъул бакъбаккул рахъалде рачIине ва рештIине байбихьана ва гьелъул хIасилал да цоцазе гIагараб кIиябго халкъ – Дагъистаналъул ва чача назул – батIа гьабулеб гIорхъилъун, археологазул ва этногра фазул бихьизабиялда рекъон, гьоркьохъел гIасрабазда лъугьана Аргун гIор.
Гьеб ва гьелда цебесеб заманалъ аваразул амирзабаз (нуцабаз ва имамаз) цIакъ хIал къалеб букIана гьеб ракьалда тIад, хасго Аргун гIоралъул тIаралъабазда – Къияллъиялда тIад жидер кверщел ва сиясат тIибитIизабизе, гьенир жидер щулалъаби гIуцIизе (хъулби разе).
Гьеб гьедин букIараблъиялъе гвангъараб мисаллъун буго Алдамилазулги ЧIарбилалъулги хIакъалъулъ тарихалда бугеб хабар. XVII гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гьез гьеб ракьалда рала хъулби ва гьоркьоблъи гIуцIула гьенир аскIор мадугьалихъ ругел Дагъистаналъул цогидал нуцабазулгун. Гьезул цоял рукIана Гумбеталда рукIарал тIурурал[394].
Тарихчи ва мацIазул гIалимчи Т. М. Айтберов, гьеб заманалъул хъвай-хъвагIаязда тIад гьабураб цIех-рехалъул кьучIалда вачIун вуго гьел тIурурал аваразул ханзабазул гIаркьел букIанин абураб пикруялде, XVI гIасруялъул ахиралда - XVII – байбихьуда Гумбеталда тIад жалго жидедаго чIарал амирзабилъун лъугьарал. Гьелдаса хадуб XVII гIасруялъул ахиралда гьезул кверщаликье ккана Аргуналъул гьоркьохъеб ва гъоркьияб рахъги (тIасияб рахъ - цояб Къедиса, цогидаб Хунзахъа ханзабазул кверщаликь букIана – авт.) Гьелдалъун гьеб ракьалда тIад лъугьана магIарулалги чачаналги гьоркьоре рачараб феодалияб федерация, живго Айтберовасул пикруялда рекъон – жибго жиндаго чIараб ханлъи ва пачалихъ[395].
Чачанал Авар-нуцаласул раятал рукIанин бицун буго 1755 соналъул 3 июлалъ Астраханалъул губернатор Жилинихъе Фрауендорфица хъвараб кагътидаги. Гьелдаса лъабго соналъ цебе, гIурусаз Гъизляралда тун вукIарав комендантас хъван буго «шабурлиялъулаз ва чубарлиялъулаз (Шатой ва ЧIарбил) цебезаманалдасаго нахъе аваразул нуцаласе щибаб лъагIалие кьола боцIи ва цогидаб магъало». Гьединго, аваразул нуцаласул кверщел тIад бугеб ЧIарбилалъул 15 росулъ хIакимзабилъун рукIана «чIанкIаби», амма шоботисезул (Шатой) 12 росдада тIад гьел рукIинчIо, «гьезие хIакимлъиги гIадлуги гьабула гьезулго къадияс».
Нилъеца гьаниб хал гьабулеб заманалъ, Макажоялда ва ЧIарбилалда кверщел гьабизелъун къеркьолел рукIана аваразул нуцабазул цо-цо наслаби, гьездаса рукIана Алдамилалги, гьел ракьазда тIад жидеца къуватал хъулби ран тарал. XVII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялъул байбихьуда ЧIарбилалда тIад кверщел букIарал Алдамилазги, Гумбеталда рукIарал ТIуруразги жидедаго гьоркьоб къотIи гьабун буго цоцазе рагъулаб кумек гьабизе. Гьеб къотIиялъул нугIзаллъун рихьизарун руго мажгиталъул имамги, росабазул чIухIбиги.
1649 соналъ гIурусазул рагъул хIакимазухъе гьезул жасусаз бачIун буго хабар, «мугIрузда буго цо хассаб ракь, ЧIарбилин жинда абулеб, жинда жаниб 40 росуги бугеб. Гьеб ракьалда кверщел гьабун руго «Алдамил лъимал»[396].


[394] Сулейманов Ахмад. «Топонимия Чечни». С.150 
[395] См.: Архив Института рукописей им. К.Кекелидзе (Республика Грузия, г. Тбилиси) Ф.ROS. Д.174. Л.122; Сигаури И.М. Указ. соч. С. 468
[396] Айтберов Т.М. Аваро-чеченские правители из династии Турловых и их правовые памятники XVII в. Махачкала, 2006. С. 69 270

АЛДАМИЛАЗУЛГИ ТIУРАРАЗУЛГИ РАГЪУЛАБ ЦОЛЪИЯЛЪУЛ КЪОТIИ[397] (ГIага-шагар XVII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялъул байбихьи).

«Жив гурхIулев Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула!. Алдамил васаз ТIурарасул васазе рагIи кьола, гьездаги МелъелтIа росдал цогидал гIадамаздаги гьоркьоб рагъ ккани, ТIурарасул васазе Алдамил васал хIалае рахъине. Гьединго ТIурарасул васаз жидер тушманасул рекъел гьабуни, ТIурарасул васалго гIадин Алдамил васалги гьев тушмангун ракълида рукIине руго.
Гьаб къотIиялъе нугIзал: росдал дибир Алп, Байсангъур ва (ЧIарбилалъул) цогидал чIухIби. Жидеца кьураб рагIи нагагь хвани, гъоркьлъалие рукIине ТIурарасул васаз Алдамил васазе кьуна кIиго хъала»[398]. (Гьел хъулбузул чIваднал жакъаги руго. Гьезда цIарги буго «Алдам-гъези» – авт.).
…Амма жеги лъазе кIвечIел гIиллабаздалъун XVII гIасруялъул ахиралде щвелалде ЧIарбилалъул тарихалдаса Алдамилазул цIар тIагIуна[399].

КЪИЯЛАЗУЛ НАИБ АЛДАМИХЪЕ ШАМИЛИЛ КАГЪАТ (ГIага-шагарго 1840-1844 сонал)

«Салам, ва божий маршал, дуе.
Хадуб дуда лъан букIинелъун абулеб буго, дица тIезабуна ракьул бутIа гьав чиясе. Гьев вуго ГIумма Дуев - дир кваранаб квер ва цо гьасухъ бугеб къуват бащадаб буго дир аскаралъул бащадаб къуваталда.
(ГIумма Дуев 1860 соналъ вукIана Шарой наиблъиялъул наиблъун ва гьес бетIерлъи гьабуна гIурусазул хIукуматалда данде 1860-61 соназ Аргун гIорул жаниблъиялъул халкъалъ гьабураб дандечIеялъе – авт.)
Инсулги эбелалъулги кIиязулго рахъалдаса бищунго жидер къадру цIикIкIарал рацIцIадал наслабазул чиги ккола гьев. Гьесие тIезабураб ракьалда цIар буго «Ганза» ва гьелъул гIорхъиги буго чIантIисезулгун бугеб лъел гIорхъи. Гьедин дица сайгъат гьабулеб буго ГIумма Дуевасе гьеб ракь, гьединлъидал гьес гьелда кверщел гьабиялъе квалквал букIине кколаро дур наиблъиялда вугев цогIаги чиясул яги Зумсоялъул гIадамазул»[400]
«Чачаназул магIарухъ ругел халкъазда ва къиялазда гьоркьов гьаб заманалъ, жиндир наслуялъги, бахIарчилъи-бечелъиялъги, эркенлъи хириял магIарулазул бетIер Шамилица жиндие кьураб наиблъиялъги цIар рагIизабурав ва къадру цIикIарав чи ккола Ашахъанил вас Алдам. ГIумру гьабун гьев чIараб бакI буго ЧIантIи мухъалъул ЦIаматIа (ЦIумада ( ?) росу»[401]. (Жакъасеб Итум-Хъала росдада аскIоб бугеб росу - авт.).


[397] Жакъа нилъеда лъалел тарихиял баяназда мугъчIвайги гьабун, ракIчIун абизе бегьула Турловалги Алдамилалги – кIиялго хундерил ханзабазул рукъалъул чагIи рукIанин Авар ханлъиялъул бакътIерхьул рахъалда рагIалда бугеб кIиго мухъалъул амирзабилъун.
- Алдамилал – Ункъракь –чIамалазул ва Аргун гIорул жаниблъиялъул тIасияб рахъалда ругел къиялазул ракьазда.
- Турловал – бакълъулазул ва Аргун гIорул жаниблъиялъул гъоркьияб рахъалда, гьединго Сунжа гIорул кваранаб рагIалалдаги ЧIегIерал, ай рохьазул цIурал мугIрузул аххалъиялдаги гьоркьор ругел ракьазда.
[398] Рукфонд. Дагестанский научный центр. Фонд востоковедения. Материалы археографической экспедиции М. Гайдарбекова. 1959 г.
[399] Сулейманов АхIмад. Указ. соч. С. 1032120; Ильясов Леча. Указ.соч. С. 332-333
[400] Ю.Дадаев. По тропам шамилевских сражений. г.Махачкала. «Юпитер» 1997 г. [401] И.Д. Цискаров. «Лозы любви». Кистинское предание. 


КЪЕДИСА НУЦАБИ ЧIВАЙ

«Цинги, шаригIаталъул заманалъ чIвана бищунго рагIи билълъарал къедисел. РукIана гьел ракълилал, лъикIал гIадамал, гьезул нахъе хутIана лъимал ва къоролзаби …. 30 рабигIул авалалъул ахир, шамат къо, 1289 сон[402]».
«Гьев (Худанатил) МухIамад вукIана хъачIав зулмучи. Къиялазул ракьалда гIадамазе гьес гIемераб зулму гьабуна, цIакъго тIасанккун хъачIлъиги бихьизабуна. Гьединабго зулму гьес гьабуна Къедиса амирзабазеги, гьезул балугълъарал щинал бихьиналги чIван. …Лъутун гIурусазухъе ун вукIарав Дишниялдаса Арсанакай тIад вуссун вачIараб мехалъ, ритIухълъи гьечIев хъачIав Худанатил МухIамадги вахъун, гьесул бакIалда Шамилица Арсанакай тана[403]».
«Гьелдаса хадуб баккана Имамат ва имамзаби. Гьез абулеб букIана жал шаригIаталъул имамзаби ругин ва байбихьана гIадамал шаригIаталде ахIизе. Гьез капураллъун рикIкIине байбихьана жидер ахIиялъе жаваб гьабичIел бусурбаби ва капурзабазда гьабулеб гIадин рагъ гьабуна гьезда данде. Гьел гIадамазул биги боцIи-малги хIалал гьабуна [404]…»
Ахирал соназ Дагъистаналъул гIалимзабаз жидер кIвар бугел чанги рагьиял гьаруна, Авариялъул тарихалда жал рухьарал. Бищунго хасаб бакI гьел рагьиязда жаниб ккола, БакътIерхьул Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб Ункъракьалъул ва гьелъул амирзабазул букIараб кIваралъул жидеда жаниб бицарал некIсиял хъвай-хъвагIаяз. Гьаниб хадуб кьолеб некIсияб къотIи-къаялда жаниб бахчун бугин ккола гьеб масъала баян гьабулеб ва Къедиса амирзаби тIагIинариялъе букIараб гIиллаялъул хIакъикъат рагьулеб балъгояб кIул.


[402] Дибир Аварский (Инквачилав). Ункъракь-чIамалазул наиб Дибир Аль-Авари (Инквачил Дибир). Шамилил рукIарал наибзабазул бищун лъикIаздаса цояв.
[403] Шамилил вукIарав наиб Гьигьалъа ИманмухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса босараб.
[404] Али Ал-Гумуки (Каяев) «Биографии дагестанских ученых-богословов, противников имама Шамиля».

ТIИНДАДЕРИЛ ВА КIКIАРАЛАЗУЛ БОЯЗУЛ КЪОТIИ[405] (ГIага-шагарго 1700 - 1740 сонал).
(Тарихчи Т. Айтберовасда батараб ва гьес гIарабалдаса гIурусалде буссинабураб).

«Гьаб буго хадусел заманазе бугеб бичIчIизаби.
ТIиндисезул ва кIкIаралазул боязул гьитIинасги кIудиясги къотIи гьабуна рохелалъеги къварилъиялъеги кидаго цо бо гIадин цадахъ рукIине ва ратIалъунгутIизе гьоркьоб чIвай-хъвей кканиги, питна-рагъ сабаблъунги.
Гьезда гьоркьоб бугони налъи жиндие гьоболас нугIлъи гьабураб яги живго налъулав мукIураб, гьелда ишкил[406] гьабизе гьечIо. Налъи бахъизе буго росдал гIадаталда рекъон гIелги витIун. Лъица бугониги ишкил гьабуни, гьесухъа кIиго чахъдал багьаяб куй гIакIаялъе бахъизе буго.
Жеги гьез къотIи гьабуна, Къедир ва Сасикь ругел амирзабазул рижи гьоркьоб къотIани, Сасикь бакI ТIинди боялъе букIине. Къедиги, Гьакъоги, Силдиги кIкIаралазе букIине, гьел амирзабазул рижи гьоркьоб къотIани.
Гьел боязул цояб жиндиего бокьун цогидалдаса батIалъани, гьеб тIоцебе батIалъараб боялда тIад 70 гIака гIакIа лъезе ва гьеб кьезе цогидаб, жиб батIалъичIеб боялъе.
Гьаб къотIиялъе нугIзал:
КIкIаратIисезул къади – ТIитIалав[407].
Гьал рагIаби жинца хъварав тIиндисезул къади – ХIажимухIамадгIали.
ГIанчихъазул къади – ТIабакIилав.
ТIиндисел: ХIажи Абубакар, ИхакIул вас МухIамад, МухIамад Гъванка, ХIажиясул вас МухIамад, ГIанджулав ва ТIлубул вас МухIамад.
КIкIаратIисел: Малачи, Кьуру, Юсуп ва ИсмагIилил КъурбанмухIамад.
ГIанчихъал: ХхинтIар, ИсмагIил, Турач, МукIушилав, Хъатулалилав. Гьакварисезул къади – ГIарчоса Шамхал.
Къедиса ГIИСАЛ ГIАЛИ ва цогидалги». (ГIурусалдаса буссинабуна – авт.).
Ункъракь-чIамалазул росабалъ буго бицен тIиндал къедисезда тIаде кIанцIиялъул хIакъалъулъ[408]. Гьединго жибго Къеди росулъги кIудиял чагIаздаса жакъаги рагIизе бегьула кIкIаралаз къедисезда тIаде кIанцIизе гьабураб хIалбихьиялъул ва гьеб нахъе чIваялъул хIакъалъулъ хабар.
Къедиса Хъиличил ГIабдухаликъица бицун авторас хъвараб цо биценалда жаниб бихьизабун буго Къедиве вачIине цевеккун ТIиндиса ГIаличула анин КIкIаратIе ва гьездаса тIалаб гьабунин, тIиндисезулги кIкIаралазулги цебесеб къотIи къаялда рекъон, живгун цадахъ Къедире рачIин. КIкIаралал байбихьуда тIирун чIун рукIанин, амма ГIаличулас гьезул кIудияв, нусго сонил гIумруялъул бугев Маллаги гьесул вас Къурбанги, цогидаб гIагарлъи ва рахъ кколелги чIвараб мехалъ, мукIурлъанин.
Къедире гьел кIанцIун руго цинтIаго, ракIалдаго гьечIого. ЦIикIарасеб къадар Къедиса бихьиназул гьеб заманалъ цо кIвар бугеб ишалъе ракIарун мажгиталда рукIун руго[409]. ГIаличуласул чукъбуз мажгитги ккун киналго гьелъул рагьаби къан руго ва, даруделги сверун бакIарун, гьелда цIа лъун буго. Гьеб ишги ккун буго Кавуда букIараб хъала бухIизе ва биххизе цебеккун.
Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ жалго тIиндисез гьадин бицунеб буго:
«КIкIаратIисезул амирзабаз тIиндисезе инкар гьабун буго цебесеб къотIи-къаялда рекъон капурзабигун рагъ гьабизе цадахъ къватIире рахъине яги 70 гIака гIакIа кьезе. Гьеб сабаблъун вачIун ГIаличул МухIамадица гьезул кIудиял, хиянатчагIи Маллаги Къурбанги гьезул васалги тIагIинарун руго… КIкIаралазулгун тIиндисезул букIараб къотIи хIалтIулеб букIичIолъи нилъеда бихьула 1844 соналъ ГIаличулас къедисел чIвалелъул гьел гьевгун цадахъ рукIинчIолъиялдаса[410].
Гьаб цебе рехсараб некIсияб къотIи-къаялъул хал гьабулаго рачIине бегьула гьадинаб хIукму гьабиялде:
;1. ТIиндисезги кIкIаралазги гьеб къотIи гьабулеб гIасру ялда цо кинаб букIаниги гIиллаялдалъун Ункъракь букIана Хун дерил ханлъиялдаса эркенаб, жибго жиндаго чIараб ракьлъун. Гьеб эркенлъи сабаблъун цIикIун букIана гьезие къватIиса хIинкъи. Гье дин букIинчI****и, щакаб жо буго гьезул мадугьалзабазда гьединаб къотIи-къай гьабизе кIвей - сундасаго нахъе къачIого чияр буголъи жидедаго гьоркьоб бикьизе хIукму жаниб хъвараб.
; 2. Жакъаги мухIканаб жаваб гьечIеб суал буго: кинаб къагIи даялъ Къедир-Сасикь рукIарал амирзабазул рижи гьоркьоб къотIи забизе гьеб къотIи гьабурал ургъун рукIаралин абураб?
; 3. Ва бищунго жиндие жаваб батизе ккараб масъала буго гьеб къотIи-къаялда гьоркьор цо-цо къедиселги гIахьаллъи.
1860 соналъул ахиралда гIурусазул хIукуматалъ Ункъракь-ЧIа малазул наиблъун тIамун вукIана Шамил имамасул вукIарав хазина чи, капитан, КIкIаратIаса ХIажияв. Гьеб ишалда бан суал бачIуна: щиб гIиллаялдалъунин гьев ХIажияв наиблъун тIамурав абун?
Гьелъие жаваб нилъеда батула Калугаялда Шамил вугеб заманалъ гьесда аскIов гIурусаз тун вукIарав жасус Руновскиясул хъвай-хъвагIаязда жаниб: «Пуланал мугIрузда гIарац букIиналъул хабар халкъалда гьоркьоб цебегоялдаса нахъего тIибитIараб букIана, амма Шамилихъе магIданалъул кесекги бачIун гьелда гьоркьоб гьесда гIарац бихьидал гьеб хабар цIияб къуваталда бицине байбихьана[411]. ТIухьигун-гIарац гьоркьоб бугеб магIдан буго Ункъракьалъул цо магIарда, Шамилица жинда «Хонокь мегIерин», ГъазимухIамадицаги мурид ХIажиясги «Къеди мегIерин» абулеб[412].
Руновскияс бицунев КIкIаратIаса ХIажияв жинда гьеб магIданалъул хIакъалъулъ лъалев вукIиналъ тIамун ватила Ункъракьалда наиблъун. ГIурусазул хIукуматалда ракIалда букIун батизе буго гьесул кумекалдалъун гьеб бахъизе байбихьизе[413].
Гьеб хIужа ритIухъ гьабулеб баян тарихалда гьечIо. Абизе бегьула хIакъикъат букIине бегьулин цоги ракIалдаго гьечIеб рахъалдайин. Гьев наиблъун тIамун хадур ккарал лъугьа-бахъиназул хIисаб гьабидалги бихьулеб буго ХIажияв гьеб хъулухъалде цо гIилла гьечIого ккарав гьечIолъи, гьеб гIиллаги магIдан гуребги букIин[414],[415]. Гьаниб цебе рехсараб кIкIаратIисезулги тIиндисезулги къотIи-къаялъул хал гьабулагоги нилъеда бихьулеб буго КIкIаратIаги ТIиндибги Ункъракьалдехун кин балагьулел рукIарал ва мухIканаб жо буго гьеб лъачIого ХIажиявги вукIинчIолъи.
Къедирги Сасикьги гIумру гьабун рукIана Алдамилалин жидеда абулеб наслуялъул гIадамал, Эчедиги Гьиндухаги мугIрузда тIад жидер бетIергьанлъи бугел[416]. Гьелъие кьучIлъун буго 1871 соналъ гIурус пачаясухъе гьел алдамилазул цояс хъвараб гIарза. Гьелда жаниб гьес пачаясда гьарулеб буго Шамилил заманалъ жидехъа рахъун рукIарал ракьал жидехъе тIад руссинареян. Гьеб гIарзаялъул кьучIалда гIурусазул хIукуматалъ гьабураб хъвай хъвагIаялда жаниб абулеб буго: Къедиса нуцабазул наслуялда абулин Алдамилалин, гьел рачIараб бакIги цо биценалда рекъон гIарабазул ракь бугин. Цогиги бицен бугин гьел Гуржистаналъул Караловал абулел ханзабазул наслуялъул чагIи кколин.
Шаклъи гьечIо, гьединал гIарзаби гьел къедисез Шамилил хIукумат биххараб къоялдасаго нахъе хъвалел рукIараблъиялдаги ва бакIалъул наиб КIкIаратIаса ХIажияс гьезул гьеб гьариялъе квалквалал гьариялдаги. Гьелъие гIиллаги буго киналго гьел ракьазда тIад гьел соназ гьесулги кIкIаратIисезулги гIи-боцIи хьихьун букIин. Щай гьебги гьелда хадуселги гурони гIарзазул цIияб хIукуматалъ хал гьабичIеб абураб суалалъеги жаваб буго 1871 соналъ ХIажияв наиб чIвай.
Гьедин гьесул квал-квалалги тIаса ккана, ритIухълъи бокьарал гIадамазе гьеб цIехезе ресги щвана[417].


[405] ТарихчагIазул пикруялда рекъон гьеб къотIи-къай гьабуна ва хъвана 1720 – 1730 соназ.
[406] Ишкил – налъи бецIуларев налъуласухъа гьеб бахъизе гIоло, гьесул жиндирго, росдал яги гIагарлъиялъул боцIи ва цогидаб буголъи бахъи яги кквей.
[407] 1748 соналъ КIкIаратIа мажгиталъул мадрасалда мугIалимлъун вукIана КIкIаратIаса Титаласул вас МухIамад. Гьесухъ цIалулев вугеб заманалъ МелъелтIаса МухIамадил вас МухIамадица хъвана «Джалал» тIехьалдаса тIехь. (Гьеб тIехь цIунун буго МелъелтIаса М. А. Сулеймановасухъ). Гьеб баян жиндиего хъван буго МухIамад Инквачилас.
 [408] Къедир ругел биценаздаса.
[409] БукIине бегьулеб жо буго мажгиталда гьеб къоялъ нуцабиги гьезул рахъ кколелги ракIарун рукIун рати. ГIиллаги букIун батила Къеди муридзаби рачIине рукIиналъул хабар щвей ва ккезе бегьулеб, гьабизе кколеб жо данд бай. 
[410] Сайт «Кавказская политика», Магомедгаджи Аличулав, Автор блога "Кавказские республики" – Тиндал и Килалал. [411] М. Гусейнов. Союз сельских общин Ункратля.
[412] Гьенибго.
[413] Гьенибго.
[414] Къеди ругел биценаздаса.
[415] «Восстание», Т. М. Айтберов.
[416] Эчеди ва Гьиндуха мугIрул руго цоцада рухьарал. Цояб рагIал байбихьула ГIанди гIорул кIкIалахъ, цогидаб уна Хьаруб (Аргун) гIорул кIкIалахъе Чачаналълъе. Гьезул гIаркьелазда, щобазда ва жанирлъабазда руго Эчеди, Силди, Гьакъо, Гьиндуши, ГьагIмади, Хонокь, Хашакь ва цогидалги росаби.

ГЬИГЬАЛЪА ИМАНМУХIАМАДИЛ ХЪВАЙ-ХЪВАГIАЯЗДАСА

«…Чанго муридгун цадахъ гIурусазул рахъалде Туплисалде лъутун вукIарав къиялав, Ункъракь ва Къиял мухъазул наибзабазда тIад тун вукIарав мудир, Дишниялдаса Арсанакай цо заманалъ гIурусазухъа нахъе лъутунги вачIун, жиндирго гьалмагъзабигун цадахъ Шамилихъе вачIана. Имамасда гьес рихьизаруна гIурусазул тIадегIанав хIакимас ва гьесул чукъбуз жиндие кьурал сайгъатал. Шамилица Арсанакай, тIаса лъугьун, тамихI гьабичIого тана. Гьелъул гIаксалда, гьев ургъаликье ккана букIарабго хIалтIуде киндай къиялав тIамилев абун. Арсанакай лъутун ун хадув гьесул бакIалда жинца ГьоцIалъа Худанатил МухIамад тун вукIиналъ.
Гьев МухIамад вукIана хъачIав зулмучи. Къиялазул ракьалда гIадамазе гьес гIемераб зулму гьабуна, цIакъго тIасанккун хъачIлъиги бихьизабуна. Гьединабго зулму гьес гьабуна Къедиса амирзабазеги, гьезул балугъалщинал бихьиналги чIван. Гьезие зулму гьаби гьес байбихьана гьел инжит гьарун гIодорегIан гьариялдаса (хатака). Цинги гьев ГьоцIалъа Худанатил вас МухIамадица гьел къедисезул амру гьабизе ихтияр бугевщинав чиясул би тIезе хIалалаб бугин лъазабуна ва гьелъул хIасилалда кватIичIого гьес гьеб жинцагоги тIуна. Лъутун гIурусазухъе ун вукIарав Дишниялдаса Арсанакай тIад вуссараб мехалъ, ритIухълъи гьечIев хъачIав Худанатил МухIамадги вахъун, гьесул бакIалда Шамилица Арсанакай тана. Гьелъул хIасилалда гьев цIидасан наиблъиялдаги ккана…»[418].
Шамилил наиб ТIиндиса ГIаличулас тIагIинаруна Къеди - Сасикь рукIарал амирзаби[419].
А. Юровас Шамилил наибзабазул хIакъалъулъ гьадин хъван буго: «…гьел наибзабаз жидер хIалтIи гьабулаан Шамилица лъураб гIадлуялда рекъон ва гьеб гIадлуялъул бищунго кIудияб къварилъи букIана жал ресалда ругел магIарулазе: гIадат билълъараб хIалалъ гьел рикIкIунаан жидеда божилъи гьабизе бегьуларел гIадамаллъун, гьезда тIад къотIулаан гIакIа, амма гIемерисеб нухалъ гьезул кинабго буголъиги бахъулаан»[420].
Шамилида бичIчIун букIана мухъилал уздензабаз (цIикIарасел магIарулаз) жиндир рахъ кквеялъул кIудияб кIвар букIин, гьединлъидал гьес хIаракат бахъулаан гьеб цIикIиналъе кIвараб жо гьабизе. ГIурус армиялъул инаралияб иштабалъул капитан ВаранкIеница хъван буго: «Шамилил амруялда гъоркь бугеб щибаб магIарул росулъ гIадамал рикьун руго кIи-кIи къокъаялде:
ТIоцебесеб къокъа:
бечелъиялде ва гIадамазда гьоркьоб къадру цIикIиналде рачунеб нухлъун цIияб гIадлу рикIкIунел мискинал гIолохъаби;
КIиабилеб къокъа:
жал ресалда ругел, халкъалда гьоркьоб жидер къадру-къиматги бугел, амма кида-къадги гьеб хIалалдаса жал махIрумлъизе рукIин бичIчIулел гIадамал»[421].
XIX гIасруялъул 30 соназул байбихьуда гьабураб цо хъвай хъвгIаялда жаниб, Дагъистаналда букIараб гIурус армиялъул кIудияв Клюки фон Клугенауяс бицунеб буго Къедиги Сасикьги ругел амирзабазе бокьун бугин гIурусазул хIукумат гьезул ракьалдеги щвезе, гьелдалъун жидер амирлъиги щулалъизе, буголъиги цIунизе»[422]. Гьезие гьеб къваригIиналъе гIилла букIана гьезда бичIчIун букIин кида-къадги имамасул наибзабаз жалги тIагIинаризе рукIин ва жидер буголъиги бахъизе букIин. КватIичIого гьеб гьедин ккезеги ккана[423].
Кавказалъул рагъул гIахьалчи ва тарихчи Р. А. Фадеевас хъвалеб буго: «Муридчилъиялъул хIаракатчагIаз жидер хIалтIи гьабулеб букIана бищунго къокъаб нухдасанги ун. Диналъ бицунеб ва тIалаб гьабулеб жоялда рекъон гIумру гьабизе гIадамал ругьунлъизегIанго чIечIого, гIаштIиялъ билъанхъизабуна гьез жидер хIакимлъи. Гьел раккизе цебеккун магIарулазда гьоркьоб къадру-къиматги букIарал, амирлъи-хIакимлъиги кодосел, жидер рагIиги билълъарал, цIар бугел тухум-кьибилазул гIадамал гьез цо-цоккун чIвана ва гIемер кватIичIого халкъалда гьоркьоб «ращалъиги» лъугьана, щайгурелъул нахъе хутIичIо цохIо кьварун ракъварал мискинзаби гурони»[424].
ХIамзат имамасул заманалъ, «магIарулазда гьоркьоб ращалъи букIинаби мурадалда магIарухъ чIван тIагIинаруна гьезул бищунго лъикIал гIадамал»[425].
«Живго имам Шамил гочана Басрияб Даргъове ва гьеб Имаматалъул тахшагьарлъунги гьабуна. Гьелъул хIасилалда гьеб росу унго-унгояб шагьаралде сверана. Гьелъие гIиллаги букIана рахъ-рахъалдаса гIемераб бечелъи гьенибе чвахизе лъугьин ва гьелдалъун гьениб кIудияб хазинаги бакIари.
…цогидаб бечелъигун цадахъ гьеб хазинаялде бачIунаан Къедиса амирзабазе кколеб хараджги»[426], [427].



 [417] См. «Восстание», Т. М. Айтберова.
 [418] Т. М. Айтберовас гIарабалдаса гIурусалде буссинабураб. МагIарул мацIалде буссинабуна авт.
[419] Рукописный фонд ДНИИЯЛ, д. 1744, стр. 76.
[420] «Кавказский сборник», т. 6. Тифлис, 1882, стр. 43.
[421] Там же, ф.1268, оп. 1, д. 545. Политический обзор Дагестана, 1844, л.33, об.
[422] ЦГИАЛ, ф. 205, д. 132, л. 177.
[423] Х. – М. Хашаев.
[424] Р. А. Фадеев. Собр. соч., т.1, ч. 1. СПб. 1889 г. С. 21.
[425] Там же. С. 34
[426] Бусурбабаз рахъарал ракьазда тIад гьелде щвезегIан цоги дин гьабун букIарал, исламалде рачIинчIел гIадамазухъа босула хараджги джизятги. Ислам босидал гьел джизяталдаса эркен гьарула, амма харадж кьезе тIамула.
[427] Гьигьалъа ИманмухIамадил хъвай-хъвагIай. Т. М. Айтберовасул таржама.


Рецензии