Ана цойги г1умрудал лах1зат

   Киналго кьижун рук1ана. Мискиналги, бечедалги, ах1макъалги, г1акъилалги, хералги,г1олилалги.
   Киналго гъваридаб,ригьулареб макьида. Цоял-бохдул данде ц1ан,цойгидал-к1алал гьак1к1ан,хут1аралин абуни-хвалил сипаталда.
   Кьижич1ев чи вук1инч1о.Г1иц1го гьоркьо-гьоркьор г1уг1удулел х1елкал. Рик1к1ада рохьоб ах1долеб щвант1…
   Сардил бец1лъуда росдал хабалалъ балъгояб кунч1и.Хварасул хабада лъураб паж. Жанив Къуръан ц1алулев.
   Х1икматаб сих1къот1и-къват1ибе щибго загьирлъулареб.Кинаб  г1умрудай ракьалда гъоркь буго? Аллагьасул иш. Ахирисеб рокъоб абадияб макьида хваразул рух1ал.   Г1иц1го Мункар-Накирасул гурони сипат лъаларел…
   Рогьалил хъах1лъиялъ г1адамазул гордазда к1ут1ана.Макьу лъуг1ана.  Инсан ворч1ана.Паризаяб т1убана. Цо-цоязе к1варго гьеч1о,кьижухъе руго.Г1умру кьижухъего,к1варго гьеч1ого биччалеб буго.Кант1и-киназулго гьудул гуро.Инсан гьелъие х1елуларо,гьелъукьа х1инкъуларо.
   Къаникье ккедал т1алаб гьабизе таралъул мунфаг1ат бук1инадай? Г1умруялъе х1ажаталъул пикру бугел хваликьа х1инкъуларо, гьелъие нуг1лъи гьабула нахъе тараб васигаталъ.Жеги чан чи вугев гьелъул агъазги гьеч1ого дуниялалда хадув лъугьун тирулев?
   Ц1идасан сордо решт1ана. Г1адамаз добго макьил сипат босана. Ана цойги г1умрудал лах1зат…

                1996 сон


Рецензии