Нилъги уна, заман кинниги, цояз цоял хисун

   Жиндаго ругьунаб х1асратгун рии,биун лъуг1унеб ц1орол кесек кинниги,дагь-дагьккун,заманаялъул куркьалги хьваг1ун т1аса ана. Рик1к1аде…
   Гьелда хадуб хъурщун бач1ана хасалихълъи. Реччелгун, регьелгун. Щванщинаб бак1алде нак1к1улаб маг1уги т1ун парахалъана.
   Гьеб хъамизе бокьун,хекко т1аса ине шавкъ ккун хаселги бук1ана. Санаг1атаб заман щвелародаян сент1елеб бук1ана.
   Дица гьелда г1айиб гьабуларо.Гьоболлъухъ бач1ине гъира ккедал,бегьилищ гьелда г1айибал ч1вазе?
   Хасалихълъиялъ жиндирго т1ехьалъул ахирисеб т1амач бегана.Гьебги ана г1асрудал г1едераб нухдасан бихьа-т1ерхьуде,ахирисеб пашманаб балайги рехун.
   Х1ут1 –хъумуралъул,х1инч1-гъедоялъул рах1атхвей лъугьана.Нак1к1аз бераз босулеб сверухълъи бахчана.Сун унеб х1едул чирахъ кинниги, иргадулаб  къоги лъуг1улеб бук1ана.
   Сардилъ,рак1алда гьеч1ого,лъицаялиго х1анч1и х1улун х1ули г1одобе балеб лах1зат лъугьана.Аллагьасул х1алк1олъи!Хасалил маг1у-г1азу г1исинккун ракьалде бортана.
   Хъах1аб рат1лица бацана дуниял…
Жеги гьелда хадуб бач1ине цойги гьобол хут1ана…
Гьедин унеб буго нилъер г1умру,амма гьелъул ургъел г1емеразе бук1унаро.
Нилъги уна,заман кинниги,цояз цоял хисун…
                2010 сон


Рецензии