Г1адамал ц1алк1улел ц1алк1аби руго
Ц1уял-бихьиназул-бат1алъи гьеч1о.
Бет1ергьанас рижи рик1к1унаро гьез,
Законал бат1иял къавмал руго гьел.
Къабих1аб пишаги,пасикъ г1амалги,
Г1умруялъул нухлъун кидаго буго.
Какал г1емер рала-рак1алги мах1цун,
К1алзул дин машгьураб гьерсил умматалъ.
Гьал сих1ирал берал-х1илладул ц1урал,
Х1арам ц1ехолаго ц1алъун перхолел.
Хаслъи жидер ц1ехон диналда гьоркьор,
Рук1айилан абун аятищ бугеб?
Аллагьасул лагъзал рук1ин к1очарал,
Росабалъ,шагьаралъ киг1анги руго.
Г1ададисел какал-кири мукъсанал,
Кумекалъе щвелин нигатищ бугеб?
Бидулъ бессун бугеб пасикъаб г1амал,
Г1азаб ц1ик1к1иналъе х1алт1изабуге.
Х1асадалъул ц1урал ц1орорал рак1ал,
Ц1адулъе ккелалде тавбуялъ чуре.
Чи х1акъир вихьунин Бет1ергьанас нуж,
Нарудал ц1адулъе рехизе ругел.
Ц1алк1уге г1адамал,г1одор русса нуж,
Г1умру гьелъий кьураб гьеч1о Аллагьас.
Г1адан ват1а гьавун какал ралеца,
Кинав Аллагьасе лагълъи гьабулеб?
Ахир т1олгоязул т1аде ракь хъвадал,
Т1убан бащалъулин,бат1алъи кинаб?
Свидетельство о публикации №226081201536