Сахлъи ц1униялъул хъаравуллъуда

      Дагъистаналъул щибаб росулъ рукIана жидеца унтарал сах гьарулел гIадамал. Тохтурзаби гьечIолъиялъ, унтаби сах гьаризе бажарунгутIиялъ ва гьеб сах кин гьабизе кколебали лъангутIиялъ захIматаб гьечIониги унтуца гIадамал холел рукIун руго. Сах гьабизе кIолареблъун рикIкIунеб букIун буго дагьабниги захIматаб, ургьибехун борчIараб носол, хонжрол ва гуллил ругъун. ЦIакъго гIемерал гIадамал холел рукIун руго бахунеб унтуца, масала вабаалъ, меседалъ ва цогидазги. XX гIасруялъул байбихьуда ТIелекь багъарараб вабаалъул унтуца цIакъ гIемераал гIадамал хун руго. Росулъа гIадамал къватIире ун рукIун руго гIумру гьабизе жидедегоги унти бахинчIого букIине. Унтарал рукъулел рукIун руго хассал гIадамаз – унти бахунарез. Гьединал хобал руго школалъухъ иццурукъалда гъоркьа ругел хабзалалъги. Цо-цо росабалъ унтарал сах гьарулел гIадамазда местIералилан абулаан, тохтур (доктор), врач абурал рагIаби магIарул мацIалде рачIана Кавказ Россиялда цолъун хадур. Тохтурзабазул сах гьарулел къагIидаби батIи-батIиял рукIана: цояз хIалтIизарулаан хурдузул, тIомол унтабазе гьеб  хвезабиялъе рахунел дараби: чIегIернарт, цойгидаца кумек гьабулаан сабаб-гьайкалалдалъун. ХIакъикъаталдаги рачIарал гIалимзабаз Игьалиб цIакъ гIемераб даруяб хер букIин чIезабун буго. Гьединго рукIана батIи- батIиял хурдул хIалтIизаризе, бекараб-борчIараб бакI битIун жаниб ккезабизе, лъукъа-къотIараб ругъун къачIазе махщел бугел гIадамал, амма гьел рукIинчIо цIалун гIелму щварал тохтурзаби. Гьединаздасан нилъеда лъала Уцунби,Хъах1чи Мух1амад, Саг1идбегил Узу, Ражбадин,Хелекьуриса Мухтар.ХIатта гIадал нахуде би т1инк1арав чицин сах гьавулаанила Уцумица.
   Росулъ медпунктги рагьун гьенире хIалтIизе Россиялдаса ясал рачIана Дагъистаналда Советияб власть бергьун хадуб. Гьез медпунктги рагьун букIана мухьдахъ ккурал рукъзабахъ. Гьездасан цонигиял рукIинчIо тIадегIанаб лъай бугел. Больницаялъул рукъзал гьечIого, унтарал жанир регизаризе цо чIараб хасаб бакI гьечIого букIун буго, гьединлъидал унтарасе хIажатал шартIал цIунизе рес гьечIолъиялъ унтарал сах гьариялъул хIасил мех-мехалъ пашманаб кколеб букIун буго.
 1959 соналда росулъ рагьана больница.Больница гIатIид гьабиялда тIад хIалтIана Игьали росулъа тIоцевесев тIадегIанаб лъай щварав, сверухълъиялдаго цIар рагIарав тохтур МухIамадх1ажияв Чупалаев . РикIкIен гIемерал унтарал сахлъизарурав, хвалил квачIикьан рикIкIен гIемерал гIадамазул гIумру бахъарав, «Сахлъи цIуниялъул отличник», Дагъистаналъул мустах1икъав врач», гIемерал хIурматиял грамотабазе, шапакъатазе мустахIикълъарав МухIамадх1ажияв жеги х1алт1улев вуго росдал больницаялда. Росулъа къватIир хIалтIана ва хIалтIулел руго чанго хIурмат тIадегIанал цIаразе ва шапакъатазе мустахIикълъарал врачал: махщел камилав хирург Магомедов Шамил.Ш., Исрапил Г1иса,Аминтазаев Саг1дула,Нурмух1амадов Юсуп, Османов Х1усен,Османов Осман, Алхасов Х1асан,Тажудинил Ах1мат1,Мух1амадов Сайгидг1али,Мух1амадов Ах1мат1,Ражбадинов Мух1аммад,Мух1амадг1алиев Ах1мат1,Мухтаров Г1умардибир, вацал-Чупалаев Шамил, Г1амирг1али, Малачих1ажи ва гь.ц.
Игьали руччабазда гьоркьорги рахъана тIадегIанаб лъай бугел врачал. Гьединаздасан тIоцеесей йикIана гIемерал батIи- батIиял больницабазда хIалтIарай хIалбихьи бугей врач Мух1амадова Мадина Мух1амадовна. Росдал больницаялъе чанго соналъ махщалида нухмалъи гьабуна Чупалаев Мух1амадх1ажияс; гьеб цIакъго лъикI къачIана ва заманалъул захIмалъабазухъ балагьичIого хIажатабщинаб чIезабуна  бет1ерав тохтурлъун х1алт1улев вук1арав Мух1амадов Г1умарица.


Рецензии