Росдал х1акъалъулъ къокъал баянал
Цересел биценазда рекъон, Игьали росу буго 12 росдадасан г1уц1араб. Гьелъул г1орхъалаби цолъулел росаби ккола : Ингишо,Ч1икь, Т1аса Инхо,Гъоркьа Инхо, Гьарадерихъ, Г1оч1ло,Колоб,Ишт1ибури, Инк1валит1а, Хъах1абросу,Г1ашилт1а, Ч1иркъат1а ва Г1арахъмег1ер абулеб бак1алдасан-хунздерилгун.
Г1ага-шагарго росу данде гьабун ун буго 1220 сон, гьелъие х1ужалъун ккола , росдада сверухъ хабалалъ ратарал бат1и-бат1иял т1аг1елал. Дагъистаналда бусурбан дин баккилелде рук1арал г1адал руго гьел хабалалги, рак1алде ккола, гьел яги «язычниказул», яги христианазул ратилилан.
Абулмуслим шайхас маг1арухъ исламияб дин т1ибит1изабуралдаса, гьеб динги ц1унарал ва гьелъул рахъги щулаго ккурал чаг1и руго игьел.Мисалалъе, цойги росабалъ мажгитал хвезарулеб заманаялъ, игьелдерица ,хвалиего, харил склад бугиланги абун, жаниб цо-к1иго маг1ардаса харил магьги лъун, т1аде к1улалги ран, бац1адго ц1унана Аллагьасул рукъ.Цойгидал росабалъ гьанжего-гьанже мажгитал разе лъугьиндал, игьелдерица к1улал рич1ана ва лъик1аб ремонтги гьабун рагьана гьеб. Гьебго заманаялда Акуда мажгит абулеб бак1алда росдал жамаг1аталъ диналъул иш т1убалеб бук1ана. Гьабсаг1ат росулъ буго цо к1удияб, 6 авал мажгит, ункъго къулг1а, , Ц1аналъ, Лъанлъари ва Кунзахъ росабиги малъун, 2 мадраса.
Игьали буго 900 ц1араки, 3000 г1анасев чи. Росулъ бук1ана участковая больница,амма гьеб къан амбулаториялъул х1алт1ухъаби рахъинаруна больницаялъул рукъзабахъе, цаби-г1усал къач1алеб пункт, 44 муг1алим х1алт1улеб , 300 г1анасев ц1алдохъан жаниб ц1алулеб гьоркьохъеб школа, ясли-ах.
Дагъистаналъул эркенлъи ц1унун гьабулел рагъазулъги тана игьелдерица бечедаб лъак1. Гендерил къварилъухъ Гъазимух1амад имам ч1валеб мехалъ гьесда цадахъ шагьидлъарал к1иго росуцоясулги буго занида ц1ар.
Шамил имамасда цадахъ байрахъ щулаго ккурал ц1ар раг1арал:Саг1ит,Магьдил Х1ажияв, Абал Мух1амад, гьелги ккола Игьалиса. Бицен буго Ах1ул гох1да цо къоялъ 60 г1анасев чи шагьидлъанилан. Имамасул шариг1ат билъанхъизабулев чилъун вук1ана Игьалиса божарав кумекчи Мух1умирза,байрахъулав Ах1мадилав…
Гьелдаго цадахъ, росу машгьураб буго ц1аларал чаг1аздалъун: Саг1ит, Сулаймандибир,Г1умарил Мух1амад,Чупалав,Гичибег,Шарапудин,Г1умар,
Г1аликъадишайих,Г1исах1ажияв,Мух1амадкамил,Муртаза, Г1умарапанди,Сапарча Г1умар,Тажудин,Парис,Сурхайил Жамалудин,Шарапудинил Мух1амад, Г1али, Мух1амад ва гь.ц.
Гьезда гьоркьовги ц1ар раг1аравлъун ккола Г1аликъади-шайих, гьесул хобги, зияратги буго Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ,Валих1асан шайхасул хоб буго Игьали росулъ…
1904-1905 соналъ Япониялъул рагъдаса шапакъаталгун вуссана Нуридин.Гьесие Аллагьасул къадар щвана 1977 соналъ, г1умруялъул гьесул бук1ана 100 сон.
Гьединго 1941-1945 соназ Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъана 165-го г1анасев игьалисев,гьездасан 76 чи нахъ вуссинч1о. Ват1аналде т1аде къо ккарал зах1матал соназда рагъде арал,амма нахъ русинч1езул ц1арал мармаралда хъвараб обелиск буго росу бакьулъ.
Сверухълъиялдаго лъала Игьали росу бечедаб бук1ин махщелчаг1аздалъунги. Г1адамазе х1ажатаб устарлъиялъул гьениб камураб жо гьеч1о. Маданияталъул рахъалъги кидаго цебесеб кьерда бук1ана Игьали росу.
Аби буго «Лъабго нухалъ т1ат1ала кеч1 ах1еян абун, кеч1 ах1уларев чи Игьалив гьеч1илан». Авар мац1алда ах1улел куч1дузул г1емерисел нек1сиял бакънал руго игьелдери бакъанчаг1аца хъварал.
Т1оцебе маг1арул мац1алда радиоялдасан Дагъистаналда кеч1 ах1ана Игьалиса Г1арашил Г1умарица.
Лъида раг1ич1ел Сайгидсалимил,Каримх1ажиясул, Г1адуханил,
Х1ажиах1мат1ил, Гъазичуласул,Магьдил Мух1амадил,Г1алибулатил,
Ух1умагъазил, Сайпудинил куч1дул. Гьезул гьаракь къвине биччан гьеч1о жакъаги,Чукъулаев Мух1амадица,Асх1абг1умаров Муртазаг1алица,Шайдханов Муртазаг1алица,Шихаг1амиров Мух1амадица ва хадур г1олезги. Росулъ г1емерал руго саринчаг1и ва шаг1ирал, республикаялъул ва районалъул газетал-журналазда г1емер рахъула гьезул куч1дул ва асарал Гьеб цебе баян гьабуралда т1аде жубазе бегьула росдал, г1адатал ва рук1а-рахъиналъул хаслъаби…
Бицен буго игьел хиянат гьеч1ел, гьоболасе рит1ухъал, дин ц1унарал, к1удиязул адаб бугел, бикъа-хъами гьеч1ел, х1алихьалъиялде данде рагъ балел, х1акъикьа х1инкъулел чаг1и ругилан.
Шарг1ияб къаг1идаялъги, исламияб диналъ бихьизабухъе, бихьиназул адаб ц1унарал руччабиги руго игьелдерил. Росулъ гьарулел тадбиразда, данделъиялда бихьинал ругеб бак1алде руччаби къаларо. Бихьиназ гьабураб х1укму, абураб раг1и гьез къот1уларо.
Жалго сабурал, ях1 бугел, жидерго рецц-бакъ къанаг1атал рук1иналъ ратила игьел къват1и-къват1ирег1ан г1емерго загьирлъун гьеч1ел. Гьелъие х1ужалъун ккола , киг1ан г1емераб ц1ех-рех гьабунаниги, росдал х1акъалъул хъвараб жо ц1акъ мукъсанаб гурони гьеч1олъиялъ. Жидерго лъугьарал гьунаразулцин г1агарлъиялъ цоцахъе кьун ц1унун гурого, кибниги тарихияб хъвай-хъваг1аязулъ гьеб мукъсанго гурони дандч1валаро.
Хасго г1ун бач1унеб г1елалда рак1алде ккола гьаб росдал ва т1абиг1аталъул ч1аголъи хисич1ого унеб бугилан ва кидаго гьадин бук1ун батилин. Гьезда цебе кванил ва рат1лил рук1арал къварилъалабазул бицараб мехалъ, гьез абула: «Хинк1-чед ва партал г1арацги кьун, тукабаздаса щай босулареб бук1арабилан». Гьединлъидал рак1алде ккола, хасго гьединазе, гьаб росдал тарихалъ цебе араб г1елалъул-умумузул зах1матаб ва бах1арчияб г1умру лъазе кумек гьабилилан ва гьанжесеб г1умруялъе, цебе бук1аралде данде ккун, къимат кьезе лъалилан. Хьул буго, гьаб росдал тарих ц1алиялдалъун, умумузул рук1арал г1аданлъиялда, бах1арчилъиялда, зах1мат бокьиялда, адаб-хъатиралда, ват1ан бокьиялда хурхарал бак1азда т1ад пикру гьабун мунпаг1ат босилилан, г1умруялда гьел лъик1ал рахъазе мустах1икъаллъун, умумул рохизарулеллъун ва нилъер к1удияб гьайбатаб ват1аналъул мустах1икъал ирсилаллъун рук1инилан.
Свидетельство о публикации №226081301435