Г1умруялъул сверабазда дандч1вала
Х1алаллъиги камун гьабураб даран,
Дуца ахир-къадги бец1изе ккола.
Берал къанщилалде къадараб г1амал,
Къунц1ун нахъе рехе тавбуги гьабун.
Балъголъи
Рек1ел к1улал рич1ун бицунеб раг1и,
Бат1ияв чиясе гьурщуге дуца.
Гьудуллъи къунц1улеб къисмат к1век1улеб,
К1ал бугин щивасул,щукруялда ч1а!
Намус
Нилъер умумузул аманат буго,
Аза-азар соназ херлъи лъалареб.
Намусги ц1унани,ц1арги ц1унани,
Чияр рак1 белъараб къо бач1унарин.
Х1алихьалъи
Чияр гъинги кванан гъурщал ц1ик1к1араз,
Гъалат1 нусго соналъ бец1изе ккола.
Х1алт1ул ургъелги тун х1арам гьабурал,
Х1ат1ада ц1а бакун хьвадизе ккола.
Унта-щокълъи
Черх ч1аго бук1аго бак1аб х1алт1уца,
Расги гьабуларин рак1алде ккоге.
Роцадаса ц1ик1к1ун чу к1анц1уларин,
Чангит бай черхалда чвархъан ккелалде.
Сабру
Ццидал унтиялъе дару ц1ехоге,
Духъе гьеб щоларо щиб гьабуниги.
Щуго х1арф цолъараб,х1алк1олъи сахаб,
Сабру гурищ дарман-алжаналъул к1ул.
Къуват
Г1акълу цадахъ гьеч1еб къуват беццуге,
Къвариг1ел гьеч1ого заруд вахъунге.
Зулмучи гьудуллъун воре гьавуге,
Гьуинаб г1амалгун г1адамалъ вук1а.
Херлъи
Щивго гьоркьов тезе гьелда к1оларо,
К1удияв,гьит1инав,бат1алъи гьеч1о.
Гьелъул адаб гьабе,гьавудизе лъай,
Лъик1лъиялъ борцунин нилъер ахират.
Жах1да-х1усуд
Хъубаб рек1ел анищ щулаго ккурал,
Щай нилъеда гьоркьор жеги ратулел?
Жах1да-х1усудалъул сунарел ц1аял,
Свинелъун ц1ад гьаре,диналъул вацал.
Г1умру
Г1умру-даран буго диналъул вацал,
Дагьасе гурони хайир кьолареб.
Хвеч1ого чиясул къимат лъаларо,
Къаникье инелде иман бац1ад ккве.
Ц1одорлъи
Ц1одорал беразул багьа холаро,
Бац1ги ц1одорлъиялъ хьихьараб буго.
Хьул биццатал хурзал рекьун вук1унге,
Риидал гьабич1еб кьиндал щоларин.
Нахъег1анлъи
Унтарасда тункун,тохав валъаргъун,
Тавбуялда ч1арав ч1ух1адго какун,
Кумек ц1ехон щварав къват1иве рехун,
Росабалъ хьвадулел дагьлъулел гьеч1о.
Азарго соналъул г1умру кьуниги,
Кьаву ч1вараб рек1ей щибго лъунаро.
Нахъег1анаб,хъубаб х1азе ругьунав,
Х1ад кьабун таниги вац1алъуларо.
Иман
Исламалъул нухал гьарзаго лъалев,
Гьуинаб г1амалгун г1адамалъ ч1олев,
Ч1ух1и жиндир рек1елъ жеги решт1инч1ев,
Жамаг1ат разияв веццула инсан.
Г1акъиллъи
Чорхол х1ал х1алимав,х1алт1и узденав,
Ургъел т1олгоязе бащад бикьулев,
Бичасул арканал камил т1уралев,
Киназулго г1алим-г1акълудал ралъад.
Бечелъи
Маг1ишат г1емерлъи-г1амал мукъсанлъи,
Мекъе гали т1ами,т1аг1ат к1очон тей,
Т1аде къо решт1индал къаникь лъолареб,
Къиямасеб къоялъ х1исаб г1емераб.
Гьудуллъи
Киг1ан роччараб къо т1аде щваниги,
Т1абиг1ат берцинав гьудул к1очонге.
Гьелъул къимат лъазе х1асрат бергьарас,
Гьобо х1алт1изабе лъимги гьеч1ого.
К1ух1аллъи
Хурзал рекьич1ого,ах лъалъач1ого,
Лъидаго к1оларо к1вах1 къезабизе.
К1алц1и бач1еб чодул бекери хола,
Бет1ер анищаца воре хьихьуге.
Жагьиллъи
Г1акълу мукъсанлъиги,мунагь ц1ик1к1инги,
Ц1иял нухал ратун бищулеб буго.
Бицулеб хабарги,дибир какиги,
Какдаса цебесеб дуг1алъун буго.
Жагьиллъи
Ч1ух1араб рет1елгун,т1ут1аб каламгун,
Киназдаго цеве гаргадула мун.
Дунялалъул квершел,киналъулго бах1с,
Бат1ияв чиясда лъалареб г1адин.
Хъурумсахъ
Цойгидавги зурун,зулмаби гьарун,
Заман инабизе инагьдулев мун,
Илбисалъ бухъараб рахъниве ккела,
Хъурумсахъ,саяхъин росдаца тела.
Бахиллъи
Берал г1орц1улареб г1амал к1варич1о,
Г1адамал какулеб калам к1варич1о,
Ч1ух1дае гьабулеб бертин к1варич1о,
Бахиллъиялъ хвараб г1умру к1варич1о.
Г1елму
Г1елмуялъе дуца рогьарал сардал,
Даим лъуг1и гьеч1ел г1акълудал дарсал.
Г1ибадат т1ок1лъизе кьураб т1арикъат,
Т1олго г1умруялъе бакараб чирахъ.
Свидетельство о публикации №226090801001